Титихъе
11 Аллагьасул лагъ ва ГІиса МасихІил чапар Павелица хъвалеб буго. ТІаса рищаразулъ божи-иман щулалъизабизе ва муъминлъиялде рачунеб хІакъаб нух гьезда бихьизабизе витІун вукІана дун. 2 Гьеб нухдасан ун, нилъее абадияб гІумру насиблъиялде хьул буго. Жеги замана бижилелдего Аллагьас къотІи гьабун букІана нилъ абадияб гІумруялде рачине. Аллагьасул рагІи хвезе рес гьечІо! 3 Нилъ хвасар гьарулев Аллагьас, жинцаго болжал цІараб заманаялда гьебги загьир гьабун, дида гьелъул бицине тІадкъана. 4 Божи-иманалъулъ дунгун цолъун, хІакълъунго дие васлъун лъугьарав Тит, Эмен – Аллагьасул ва нилъ хвасар гьарурав МасихІ ГІисал баркатги гурхІелги рещтІаги дуде. 5 Дица мун Криталда тун вуго гьениб жеги лъугІичІого хутІун букІараб иш лъикІ гІуцІизе ва дица дуда лъазабун букІараб къагІидаялъ щибаб шагьаралда иман лъуразул агьлуялъул бетІерги тІамизе. 6 Гьев вукІине ккола жинда гІайибги чІваларев, цохІо гурони лъадиги ячинчІев чи, гьесул рукІине ккола пасалъиялъулги мутІигІлъунгутІиялъулги рахъалъ кІалухъ рахъичІел муъминал лъимал. 7 Аллагьасул ишазул тІалаб гьабун тарав чи вугелъул, иман лъуразул агьлуялъул бетІер вукІине ккола жинда гІайиб чІваларев, чІухІи-пахрулъи гьечІев, ццин бахъунарев, гьекъезе бокьуларев, вагъизе гІедегІуларев ва хъантІи гьечІев чи. 8 ВукІине ккола гьобол хирияв, лъикІлъи бокьулев, тІокІал жал гьаруларев, ритІухъав, Аллагьасда цеве вацІцІадав ва жиндаго квелъ базе кІолев чи. 9 Жинда малъараб ва божизе бегьулеб рагІудаса кьуризе бегьуларо гьев. Гьес насихІат гьабизе кколелъул бацІцІадаб диналъул рахъалъ ва гьелда дандечІаралги ритІизаризе кколелъул. 10 ГІемер ругелъулха мутІигІлъуларел, чІанда бицунел ва гІадамал гуккулел чагІи, хасго жугьутІазул гІадатал цІунулезда гьоркьор. 11 Гьезул кІал къазе ккола. Жидерго инжитаб хъантІиялъ гьез тІубарал хъизанал, малъизе бегьуларебги малъун, руссине-сверизе гьарулел ругелъул. 12 Жидерго шагІирасги гьезул хІакъалъулъ гьадин абун буго: «Криталъул гІадамал – кидаго гьерсихъаби, ццидалал жанаварал, кІвахІалал чохьокал!» 13 ХІакъал рагІаби руго гьел. Гьединлъидал дуца гьезие бадибчІвай гьабе, нужер божи-иман загІиплъизе тогеян, 14 ягьудиязул маргьабаздаги божугеян ва хІакъикъат мекъи сверизабулезухъги гІенеккугеян. 15 Жалго рацІцІадазейин кинабгоги хІалалаб бугеб. Амма хъубазе ва божи-иман гьечІезе щибгоги хІарамаб буго. Гьезул гІакълу-пикруги яхІ-намусги хъублъун бугелъулха. 16 Жидеда Аллагь лъалилан чІаниги, жидерго ишаздалъун гьесдаса инкар гьабулеб буго гьез. Гьел руго нахъегІанал, мутІигІлъуларел ва щибниги лъикІлъи гьабизе жидехъа бажаруларел гІадамал.
21 БацІцІадаб диналда рекъон насихІат гьабе дуца. 2 Херал бихьинал рукІине ккола гІорхъи-рахъ цІунарал, цІодорал, тІокІал жал гьаруларел, божи-иманги, рокьиги ва сабруги бугел. 3 Гьединго херал руччаби рукІине ккола вализабазул гІадаб хьвада-чІвадиялъул, жидеца мацІги гьабуларел, чогърое лагълъиги гьабуларел ва лъикІабщинабги малъулел. 4 - 5 Жидерго росалги лъималги рокьейилан, тІокІал жалги гьаругейилан, рацІцІадгоги хьвадейилан, рукъалъул хІалтІиги гьабейилан, россабазе мутІигІал лъикІал лъудбилъунги рукІайилан гІолохъанал руччабаздаги бичІчІизабизе ккола гьез, Аллагьасул калам гъоз какунгутІизелъун. 6 Гьединго гІолохъабаздаги малъе тІокІал жал гьаругейилан. 7 ЛъикІал ишаздалъун дуца сундулъго мисал бихьизабе, – мун вукІине ккола къадру-къимат борхарав ва бацІцІадаб гІамал-хасияталъул насихІатчилъун. 8 Каламги дур букІине ккола кьучІаб ва тІад кІалъазе бакІ гьечІеб, нилъер хІакъалъулъ абизе квешаб рагІиги батичІого, нилъеда дандечІаралал инжитлъулеб. 9 Лагъзадерида бичІчІизабе жидерго бетІергьабазе мутІигІлъизе ва гьел рази гьаризе кколилан, гьезул рагІи къотІугейилан, 10 гьезие цІогь гьабугейилан ва сундулъго лъикІаб божилъи бихьизабейиланги, – гьелдалъун лагъзадерица берцинлъизабила нилъ хвасар гьарулев Аллагьасул малъи. 11 Киналго гІадамал хвасар гьаризе Аллагьасул баркат рещтІун бугелъулха. 12 Гьелъ малъулеб буго, Аллагьасда божунгутІиги дуниял хиралъиги нахъчІван, гьаб гІасруялда нилъ хьвадейин: ритІухълъиги цІунун, Аллагьасукьаги хІинкъун ва тІокІал жалги гьаричІого. 13 Нилъ ралагьун чІун ругелъулха ТІадегІанав Аллагьасул ва нилъ хвасар гьарурав МасихІ ГІисал къудрат рещтІинилан хьул бугеб баркатаб къо бачІиналъухъ. 14 Квешабщиналдаса хвасарги гьарун ва рацІцІалъизеги гьарун, лъикІабщиналде гъира бугеб жиндирго хасаб халкълъун нилъ лъугьинаризелъун живго рецІалие кьуна МасихІица. 15 Дур тІолабго ихтияралдаса пайдаги босун, гьеб кинабго бице, бичІчІизабе ва къосунел ругелалги чІезаре. Гьез мунго рикІкІунгутІизе биччаге.
31 Гьезда кидаго ракІалде щвезабе хІакимзабазе мутІигІлъизе кколилан, ракІалде щвезабе малъараб гьабейилан, лъикІабщинаб гьабизеги хІадурго чІайилан, 2 лъилниги хІакъалъулъ квешаб рагІи абугейилан, дагІбадугейилан, хІалимлъейилан, киналго гІадамаздехун хІеренлъейилан. 3 Цере нилъги рукІиндалха гІантал, Аллагьасде мутІигІлъуларел, къосинарурал, нилъерго гьаваялъеги ва батІи-батІиял лазатазеги лагълъи гьабулел, ццидалъги жахІдаялъулъги къарал чагІи; нилъее гІадамалги рокьулароан, гІадамазе нилъги рокьулароан. 4 Амма нилъ хвасар гьарулев Аллагьасдасан лъикІлъиги ва инсан хиралъиги загьирлъана. 5 Илагьияб РухІалдалъун цІидасан рижиги насиблъизабун ва цІияб гІумруги кьун, гьес нилъ рацІцІалъизариялдалъун хвасар гьаруна, нилъер ритІухъал ишазухъ балагьун гуреб, жиндирго гурхІелалдалъун. 6 Нилъ хвасар гьарурав ГІиса МасихІидалъун гьеб РухІ Аллагьас нилъеде гьарзаго чвахизабуна. 7 МасихІил баркаталдалъун нилъ Аллагьасда цере ритІухълъула, гьелдалъун нилъее абадияб гІумру насиблъиялде хьулги цІикІкІинабуна. 8 ХІакъал рагІаби руго гьел. Ва дие бокьун буго мун хасго гьезда тІадчІезе, Аллагьасде иман лъурал гІадамалги гьелдалъун лъикІал ишазде руссине. ГІадамазе лъикІлъиги пайдаги кьола гьел ишаз. 9 Амма умумузул сияхІалда тІасан гІантаб дагІбаялдасаги ва Къануналъул рахъалъ къацанди-бахІсаздасаги рикІкІад чІа. Гьезул я пайда гуро, я хайир гуро. 10 Рикьи ккезабугейилан кІиго нухалъ лъазабуниги кантІичІев чиясдасаги ватІалъун чІа, 11 дуда лъалелъул гьединав чи къосун вукІин. Мунагьал гІемерлъиялдалъун гьес жинцаго жиндиего хІукму къотІун буго. 12 Дица духъе Артема яги Тихик витІун вачІаравго, дида аскІове Никополалде гІедегІе мун, гьениб хасел тІамизе хІукму гьабун бугин дица. 13 Къанунчи Зенаги Аполлосги сапаралде ритІе ва нухда гьезие къваригІунебщинабги кье. 14 ЛъикІал ишазде ругьунлъизе риччанте нилъер гІадамал, цогидазул къварилъи бацІцІине ва жидерго ишазул гъотІода пихъги бижизе. 15 Гьанир дида аскІор ругелщиназулги салам буго дуде. Божи-иманги цогоял нижги рокьулел гІадамазда салам бице. Нужеда киназдаго баркат лъеги.