Румазухъе

1

1 Гьаб кагъат битІулеб буго чапарлъун тІаса вищарав ва Аллагьасдасан рещтІараб Рохалил хабар лъазабизе тарав Павелица – ГІиса МасихІил лагъас. 2 Гьеб буго аварагзабазухъе рещтІарал ТІухьдузда цебеккунго Аллагьас загьир гьабизе рагІи кьун букІараб Рохалил хабар. 3 - 4 Инсан хІисабалда Давудил наслуялъул васлъун кколев, Илагьияб РухІалъул рахъалъ босани, кІудияб къудраталъ хваралъуса вахъинавидал, Аллагьасул вас вукІин загьирлъарав нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІил хІакъалъулъ хабар буго гьеб. 5 Гьесдалъун щвана дие баркат ва гьесие гІоло киналго халкъазул гІадамал божи-иманалдалъун Аллагьасе мутІигІлъейилан ахІизе чапарлъи. 6 ГІиса МасихІил умматлъун лъугьине ахІаразда гьоркьор руго нужги. 7 Нилъер Эмен – Аллагьасул ва ТІадегІанав ГІиса МасихІил баркатги саламги лъеги Рималда ругел киналго Аллагьасе рокьулел гІадамазда, иман лъуразул агьлулъун лъугьине Аллагьас тІаса рищаразда! 8 Бищунго цебе – тІолабго дуниялалда нужер божи-иманалъул цІар тІибитІун бугелъул, ГІиса МасихІги рехсон, дирго Аллагьасе рецц гьабула дица. 9 - 10 Жиндир Васасул хІакъалъулъ Рохалил хабар тІибитІизабун, ракІ-ракІалъго дица хъулухъ гьабулеб бугев Аллагьасда лъала: щибаб дир дугІадулъ кидаго ва нахъаса къотІичІого рехсола нуж. Дица Аллагьасда гьарула, гьесие бокьани, гьанжегІаги нужехъе вачІине рес ккагиян. 11 Дир гъира буго нуж рихьизе. Бокьун буго цо илагьияб хазина нужее бикьизе – нуж къвакІун чІезе, 12 нижерги нужерги божи-иманалъ нилъер ракІбатизабизе. 13 Цогидал халкъазухъе араб мехалъ гІадин, гьениб нужер гъотІодасаги пихъ бетІизе гІоло, нужехъе вачІине чанго нухалъ дица къасд гьабураблъиги нужеда лъачІого хутІизе бокьун гьечІо, вацал, дие. Амма гьанжелъизегІан дие квалквал ккана. 14 Дун налъулавлъун ккун вуго адаб бугелги гьечІелги халкъазул, лъай бугелги жагьилалги халкъазул. 15 Гьединлъидалин нужеда, ай Рималда ругезда, гьоркьоб Рохалил хабар тІибитІизабизе дие цІакъ бокьун бугеб. 16 Дун тІубанго божула Рохалил хабаралда. Киналго иман лъуралал – цин жугьутІал, цинги цогидал халкъал – хвасарлъизарулеб илагьияб къудрат буго гьеб. 17 Гьелъ загьир гьабула, гІицІго божи-иманалъухъ балагьун гурони, инсан Аллагьас ритІухъ гьавуларевлъи. ТІухьдузда хъван бугелъул: «РитІухъав инсан жиндирго божи-иманалдалъун чІаго хутІила». 18 Зобалаздасан Аллагьасул ццин рещтІунеб буго жидер квешал ишаздалъун хІакъабщинаб чІинтІизабулел гІадамазул щибаб квешлъиялдеги пасалъиялдеги. 19 Жив вукІин гьес загьир гьабун, гьезухъе щун бугелъулха Аллагь лъаялъул гІелму. 20 Аллагь вихьунгутІиялъул хІикмат дуниял бижаралдаса нахъего якъинго загьирлъана, кинабго загьирлъана гьес бижанщиналдалъун. Гьеб хІикмат ккола гьесул абадияб къудратги БетІергьан вукІинги. Гьединлъидал гьездаса гІайиб кибе инеб? 21 Аллагь вукІин лъаниги, гьесие цІар-рецц гьабичІо гьез. Гьезул гьодорал пикраби гІадада ана, гІакълу гьечІолъиялъ гьезул ракІалги бецлъизаруна. 22 Жал гІакъилал ругилан чІаниги, гІабдалзаби ратана гьел. 23 Хвел гьечІев Аллагьасе гьабичІого, гьез гІибадат гьабуна холел-унел гІадамазул, хІанчІазул, ункъхІатІилал хІайваназул ва ракьалдасан шурулел жалазул суратазе. 24 Гьеб сабаблъун Аллагьас гьел кьуна жидерго рекІелъ рижарал хъубал къасдазул кверщаликье, – гьединлъидалин жидерго чурхдуздалъун гьез цоцазе хъублъи гьабулеб бугеб. 25 Аллагьасул хІакъаб рагІи гьез гьерсихъ хисана. Кинабго жинца бижарасе гьабичІого (Абадияб рецц гьесие, амин!), гьес бижаралъе гьабуна тІагІатги гІибадатги. 26 Гьеб сабаблъун Аллагьас гьел кьуна инжитал къасдазул кверщаликье. Гьезул гьениб руччабазгицин, чІужугІаданалъе тІабигІиябги хисун, хІалтІизабулеб буго тІабигІияб гуребаб. 27 Гьединго бихьиналги, руччабазулгун бусен цолъиги рехун тун, жалго жидедего хІасрат бергьун лъугьунел руго. Бихьинчияс бихьинчиясдехун хъублъи гьабун, гьез жидедаго тІаде цІалеб буго гьеб къосин сабаблъун жалго мустахІикълъараб тамихІ. 28 Аллагь лъаялъул гІелму гІадахъ босизе бокьичІелъул, гьес гьел кьуна пасалъиялъул кверщаликье, – гьабизего бегьулареб жо гьез гьабизе. 29 Кина-щинабго пасалъиялъулги, квешлъиялъулги, хъантІиялъулги, ццидалги цІун руго гьел. ЖахІда-хІусудги, чІвай-хъвейги, дагІба-къецги, хІилла-рекІкІги, инжитлъиги цІикІкІун буго. 30 Гьез мацІ гьабула, нахъасан гаргадула, Аллагьги гьезда рихун вуго. Гьел чанкІкІунги руго, чІухІунги руго. Жалго жидецаго реццизе ва квешлъи ургъизе махщелги буго гьезул, эбел-инсухъги гьел гІенеккуларо. 31 Гьезда намус гьечІо, рекІелъ гурхІел гьечІо, рахІмуги гьечІо. 32 Гьедин хьвадарав чи чІвазе кколилан Аллагьасул амру букІин лъаниги, жидецаго квешлъи гьабураб гІечІого, гьеб гьабулел цогидалги реццула гьез.

2

1 Ле, чияда гІайиб чІвалев чи, щив мун ватаниги, дуда тІаса гІайиб кибего унаро. Цогидазда гІайиб чІвалеб бугони, дудаго гІайиб чІвалев чи ккола мун. Цогидазда гІайиб чІвалаго, дуцагоги гьабулеб бугелъул гьебго жо. 2 Нилъеда лъала гьедин хьвадулел гІадамазе Аллагьасул тамихІ ритІухъаб букІин. 3 Ле, цогидазда гІайибги чІван, гьебго жо дуцаго гьабулев чи, дуда ракІалде кколищ Аллагьасул тамихІалдаса ворчІилилан? 4 Аллагь цІоб гІатІидав, гурхІел-рахІму бугев ва сабруяв вукІиналъищ дур рекІелъе хІинкъи лъугьунеб гьечІеб? Аллагьасул цІобалъ мун тавбуялде гьесизавулев вукІин лъаларищ дуда? 5 Амма дур чанкІкІиялъги ракІбицалъиялъги дулъго цІикІкІинабулеб буго Аллагьасул ццин бахъин. Гьеб дуда лъала Аллагьасул ритІухъаб тамихІги ццин бахъинги загьирлъулеб къоялъ. 6 Щивав чиясул ишазда рекъон гьабила Аллагьас хІукму. 7 ЛъикІлъи гьабиялда тІадчІеялдалъун лъикІаб цІарги, шапакъатги, хвелгьечІолъиги тІалаб гьабурасе гьес абадияб гІумру насиб гьабила. 8 Жидеего пайдаялъе хІалтІулезде ва, хІакъабщиналъухъ гІенеккичІого, квешабщиналъухъ гІенеккаразде Аллагьасул ццин гьалаглъила. 9 ЖугьутІаздаса байбихьун цогидал халкъазде щвезегІан гІадамазда гьоркьоса квешлъи гьабунщинасе – гІазабги гІакъубаги! 10 ЖугьутІаздаса байбихьун цогидал халкъазде щвезегІан гІадамазда гьоркьоса лъикІлъи гьабунщинасе – цІарги, реццги, саламалъиги! 11 Аллагьасул цІадираби ритІухъал ругелъулха! 12 Мусал Къанун лъалелдего мунагь гьабурасе тамихІ гьабула Къануналде балагьичІого, Къанун лъан хадуб мунагь гьабурасе тамихІ гьабула Къануналде балагьун. 13 Къанун цІалулеб рагІараб гІоларо, гьелда рекъон хьвадизеги ккола – Аллагьас ритІухъавлъун рикІкІине. 14 Къанунго лъаларел гІадамаз, Къанун лъачІониги, жидерго гІакълу нахъгІунтІун тІуразарула Къануналъул амруял. 15 Къануналда бугебаб жидер рекІелъ хъван бугеблъи бихьизабула гьезул намусалъ: гьезулъ рижула цо-цо мехалда жидедаго гІайиб чІвалел, цо-цо мехалда жалго ритІухъ гьарулел пикраби. 16 Дица тІибитІизабулеб бугеб Рохалил хабаралда рекъон, МасихІ ГІисадалъун Аллагьас суд гьабулеб къоялъ къватІир чІвазарила киназулго балъгоял къасдал. 17 Мун жугьутІав вугилан рикІкІуна дуца, Къануналъ мун хвасар гьавилилан ракІчІун вукІуна, Аллагь нижехъан вугилан веццардула, 18 дуда лъала гьесул амруял кинал ругелали, Къануналдалъун битІараб нух тІаса бищизеги ругьунлъана мун. 19 Дур ракІчІун буго бецал чагІи дуца хадур цІалел ругин, бецІлъуда ругезе канлъиги кьолеб бугин, 20 гІакълу гьечІел кантІизарулелги ругин. Дуда лъикІго лъалин кинабго гІелмуги хІакъабщинабги жиндилъ камиллъараб Къанун. 21 Дуца цогидазда малъула – дудаго щайха малъулареб? ЦІогьодугейилан малъула – мунго щайха цІогьодулев? 22 ХъахІбалъи гьабугейилан абула – дуцаго щайха хъахІбалъи гьабулеб? Гьересиаллагьзаби дуда рихарал руго – гьел жанир ругел храмал щайха дуца талавур гьарулел? 23 Дуе Къанун рещтІун бугилан веццарула мун, амма дуца гьеб Къанун хвезабула ва гьелдалъун Аллагь хІакъир гьавула. 24 ТІухьдузда хъван бугелъул: «Нуж сабаблъун мажусияз Аллагь какулев вуго». 25 Сунат гьабиялъул дуе пайда буго, Къануналъ малъухъе мун хьвадулев вугони. Дуца Къанун хвезабулеб бугони, сунатго гьабичІев гІадинав чи гурищ мун кколев? 26 Цогидал халкъазул чи Къануналъ малъухъе хьвадулев вугони, сунат гьабурав чи гІадин къабул гьавуларищ Аллагьас гьевги? 27 Чорхол лага къотІун сунат гьабичІониги, Къануналда рекъон хьвадулел цогидал халкъазул гІадамаз гІайиб чІвала дуда, хъвараб Къанунги рещтІарав, сунатги гьабурав, амма Къануналда рекъон хьвадуларев чи вугилан. 28 Чорхол лага къотІун сунат гьабуравщинав ва тІасан вихьизе жугьутІавилан кколевщинав чи жугьутІав гуро. 29 Унго-унгояв жугьутІав ккола жаниса жив жугьутІавлъунги вугев ва жиндир рекІелъ, Къануналъул хІарпаздалъун гуреб, Илагьияб РухІалдалъун сунатги гьабурав чи. Гьединав чиясе рецц, гІадамаздасан гуреб, Аллагьасдасан букІуна.

3

1 Гьедин батани, жугьутІал цогидал халкъазул гІадамаздаса сундалъунха тІокІал ругел? Сунат гьабиялъул пайда бугебищ? 2 Бугебха, бугизеги батІи-батІияб пайда буго! ТІоцебесеб – Аллагьас жиндирго рагІул божилъи жугьутІазде гьабуна. 3 Гьезул цо-цояз гьеб божилъи хвезабуни? Гьезул божуда рекІкІ сабаблъун, Аллагьас жиндирго рагІи хвезабулебищ? 4 Киданиги гьабуларо! Аллагьас киданиги хвезабуларо жиндирго рагІи, хІатта киналго гІадамал гьерсихъабилъун лъугьанигицин. ТІухьдузда хъван буго: «Щиб Дуца абуниги, гьеб хІакъаб букІина, Дуде гІайиб гІунтІизабурасдасаги Мун бергьина». 5 Нилъер квешал ишаз Аллагьасул ритІухълъи якъинго загьир гьабулеб бугони, гьелда щибиланха абилеб? Нилъее тамихІ ритІухъго гьабулеб гьечІин Аллагьасиланищ абилеб? (Дица гьеб гьикъулеб буго инсанасулаб гІакълуялда нахъвилълъун.) 6 Гьедин абизе бегьуларо! Гьедин бугони, Аллагьас гІаламалъего суд кин гьабилеб? 7 Дир квешал ишаз Аллагьасул хІакъикъат жеги цІикІкІун загьир гьабулеб бугони, гьелдалъун Аллагьасе реццги жеги цІикІкІунеб бугони? Гьеб сабаблъун мунагьалъукье кканилан Аллагьас дие тамихІ гьабизе бегьилищ? 8 «Гьедин батани, рачІаха квешлъи гьабизе, цинги гьеб лъикІлъиялде сверизе!» – ян абизе бегьилищ? (Цо-цо дун какизе бокьарал гІадамаз хІакъикъаталдаги абула дица гьедин гьабизе малъулеб бугилан. Гьезие насиблъила мустахІикъаб тамихІ!) 9 Нижее, жугьутІазе, тІокІлъи гьечІебищха? ГьечІо! Дица бичІчІизабунагури, жугьутІалги цогидал халкъалги – киналго мунагьалъул кверщаликь ругилан. 10 ТІухьдузда хъван буго: «Цониги муъминчи гьечІо, цохІониги гьечІо. 11 Цониги бичІчІулев чиги гьечІо, лъицаниги Аллагь валагьулев гьечІо. 12 Киназго Аллагьасде мугъ рехун буго, киналго квешлъун руго. ЛъикІлъи гьабулев чиго гьечІо, цохІониги гьечІо. 13 Рагьараб хобалда релълъуна гьезул мукъулукъ, гьезул мацІалтІаги гьереси буго. Борхьил загьру буго гьезул кІутІбузда. 14 Ццидалги хьандеялъулги цІун буго гьезул кІал. 15 Би гІодобе тІезе гІедегІула гьезул бохдул, 16 Гьел щванщиналъуб чІунтиги чІунтелалги руго. 17 Ракълил нух лъаларо гьезда. 18 Аллагьасукьа хІинкъизе бокьулеб гьечІо гьезие». 19 Кинабго Къануналъ абулеб бугебщинаб Къануналда рекъон хьвадулезе бихьизабураб букІин лъала нилъеда, – гьединлъидал жинда гІайиб гьечІилан лъицаниги кІал ричІизе бакІ гьечІо, Аллагьасда цебе тІолабго гІаламалда гІайиб чІвалеб буго гьелъ. 20 Къануналъ малъухъе хьвадунилан цониги чи Аллагьас ритІухъавлъун рикІкІунаро. Нилъер мунагь щиб жояли бихьизаби гурони, цоги щибха гьелдаса бугеб? 21 Амма гьанже нилъее рагьана гьеб, Къануналъухъго балагьичІого, Аллагьасда цере ритІухълъулеб нух. Къануналъги аварагзабазги цебеккунго бицун букІараб нухин гьеб. 22 ГІиса МасихІиде иман лъеялдалъун Аллагьас насиблъизабураб ритІухълъи ккола гьеб. Щивниги ватІа гьавичІого, кинавго иман лъурав чиясе загьирлъана гьеб нух. 23 Киналго мунагьалъукье ккун рукІана, киналго махІрумлъун рукІана Аллагьасдасан рещтІараб Нуралдаса. 24 Цинги, Гьесул баркат лъун, чІобого щвана нилъее Аллагьасда цере ритІухълъи. МасихІ ГІисадалъун рецІел щведалин гьел ритІухълъарал. 25 Аллагьас гьев къурбанлъун гьавуна, гІадамазул мунагьал гьесул биялдалъун ва гьесде иман лъеялдалъун чуризе. Цебе, жинца гьел хІехьон рукІараб заманалда, гьез гьарурал мунагьазда тІасаги лъугьун, жиндирго ритІухълъи загьир гьабуна Аллагьас. 26 Живго ритІухъав вукІин ва ГІисаде иман лъурал гІадамал жинца ритІухъ гьарулеллъиги бихьизабуна гьес гьанже. Гьеле гьедин загьир гьабуна Аллагьас живго ритІухъав вукІин. 27 Сундасаха гьанже нилъ чІухІизе бегьулел? Сундасаниги чІухІизе бегьуларо. ЧІухІизе жо щибха нилъер бугеб? ЛъикІал ишалищ? Гуро, – нилъерго божи-иман! 28 Мусал Къанун цІуниялдалъун ритІухълъичІониги, божи-иманалдалъун инсан ритІухълъулевлъи чІезабулеб буго нижеца. 29 Аллагь гІицІго жугьутІазул Аллагьищ? Цогидал халкъазулги Аллагь гурищ гьев? У, цогидал халкъазулги Аллагь вуго гьев. 30 Аллагь цо вуго, сунат гьабуравги божи-иманалдалъун ритІухълъизавулев, сунат гьабичІевги – гьединго божи-иманалдалъун ритІухълъизавулев. 31 Божи-иманалъе гІоло Мусал Къанун нахъчІвалебищха нилъеца бугеб? ГьечІо! Къанун гучлъизабулеб буго нилъеца.

4

1 Нилъер зурияталъул эмен Ибрагьимил хІакъалъулъ щибилан нилъеца абилеб? Щиб гьесие загьирлъараб? 2 Ибрагьим жиндирго лъикІал ишаздалъун ритІухълъаравани, Аллагьасда цеве гурев, гІадамазда цеве чІухІизе бегьилаан гьев. 3 ТІухьдузда щиб хъван бугеб? «Ибрагьим Аллагьасда божана, гьединлъидал гьес гьевги жиндие ритІухъав чилъун рикІкІана». 4 Сайигъат гуро хІалтІухъанасе кьолеб мухь – гьесие кколеб харж буго. 5 Амма инсанас, жиндирго ишазда гуреб, мунагьазул цІуралги ритІухъаллъун гьарулев Аллагьасде лъураб иманалда мугъчІвалеб бугони, гьесул божи-иман сабаблъун, Аллагьас гьев рикІкІуна жиндие ритІухъав чилъун. 6 Ишазухъ балагьичІого, ритІухъал чагІилъун рикІкІаразде Аллагьасул баркат рещтІиналъул бицунаго, гьебго жо абулеб буго Давудицаги: 7 «Гьардарал гурищ жидер мунагьги чурарал хІакъалда тІасаги лъугьарал чагІи. 8 Гьардарав гурищ жиндир мунагь БетІергьанас бахчарав чи». 9 ГІицІго сунат гьабуразейищха гьеб баркат щолеб, сунат гьабичІезе щоларебищ? Дица бицана Ибрагьимил божи-иман сабаблъун рикІкІанин Аллагьас гьев жиндие ритІухъав чилъун. 10 Кида гьеб букІараб – гьес сунат гьабилелдейищ, гьабун хадубищ? Сунат гьабун хадуб гуреб, сунат гьабилелдего букІана гьеб. 11 Сунат гьабилелдего, божи-иманалъухъ балагьун, гьев ритІухъ гьавуна Аллагьас. РитІухъав вукІиналъул мугьру гІадинаб гІаламатлъун лъугьана цинги Ибрагьимил сунат. Иман лъуразда гьоркьоса киналго сунат гьабичІезулги эменлъун лъугьана Ибрагьим, божи-иманалъухъ балагьун Аллагьас гьел ритІухълъизаридал. 12 Гьединго сунат гьабуразулги эмен вуго Ибрагьим. Сунат гьабурал рукІин гуребги, гьел Ибрагьимил нухдасан ана, сунат гьабилелдего гьесулъ букІараб божи-иман гьезулъги букІиндал. 13 Къанун цІуниялдалъун гуреб, божи-иманалдалъун Ибрагьим ритІухълъизавидал, гьаб дуниял нужее насиблъизабилин рагІи кьун букІана Аллагьас Ибрагьимиеги гьесул наслуялъеги. 14 ГІицІго Къануналъ малъухъе хьвадулезе гьеб рагІи кьун букІарабани, божи-иманалъул щибго пайда букІинароан, кьураб рагІиги гІадада ккелаан, 15 Къануналъ Аллагьасул ццин бахъинабулелъул, Къанун гьечІеб бакІалда такъсирги букІунаро. 16 Гьединлъидал гьеб рагІи кьеялъе сабаблъун божи-иман лъугьана ва гьел мустахІикълъичІеб сайигъатлъун букІана. Гьедин кьураб рагІи хвезабиларилан къотІиги гьабуна Аллагьас Ибрагьимил наслуялъе: Къануналъ малъухъе хьвадулезе ва Ибрагьимил божи-иманалъул нух ккуразе. Нилъер киназулго эмен вуго гьев. 17 ТІухьдузда хъван бугелъул: «Дица мун гІемерал халкъазул эменлъун гьавила». Гьес иман лъурав Аллагьасда цеве нилъер эмен вуго Ибрагьим. Хварал чІаголъизарулев, гьечІелъуса щибгоги букІинабулев Аллагьин гьев! 18 Хьул къотІараб мехалъги хьул лъун божана Ибрагьим Аллагьасда. Гьединлъидал гІемерал халкъазул эменлъун лъугьана гьев: «Дур наслуялъул гІадамал цІвабигІан гІемер рукІина», – ян ТІухьдузда хъварабги ритІухълъун. 19 Нусго соналде вахунев вугев жиндир чорхол чІаголъи хун букІиналъул ва лъимер ургьиб хулулареб херлъиялде ян Сарат йикІиналъул пикру гьабичІого, божи-иман загІиплъизе биччачІо гьес. 20 Аллагьас кьураб рагІи холилан ракІалдецин ккечІого, божи-иманалъулъ щулалъана ва Аллагьасе рецц гьабуна. 21 Кьураб рагІи тІубазабизе къуват Аллагьасул букІиналда щибго щаклъи гьечІого божана. 22 Гьеле гьединлъидал Аллагьас «гьевги жиндие ритІухъав чилъун рикІкІана». 23 ГІицІго гьесул хІакъалъулъ гуро хъван ругел «ритІухъав чилъун рикІкІана» абурал гьел рагІаби. 24 Аллагьас ритІухъал чагІилъун рикІкІине ругел ва ТІадегІанав ГІиса хваралъуса вахъинавурав Аллагьасда божулел нилъер хІакъалъулъгийин. 25 Нилъер мунагьал чуриялъе гІоло хвалде ана ГІиса ва нилъ ритІухълъизариялъе гІоло Аллагьас чІаголъизеги гьавуна.

5

1 Божи-иманалдалъун ритІухълъизарун ругелъул, нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІидалъун Аллагьгунги рекъана нилъ. 2 Гьесдалъун кІвана нилъеда божи-иман сабаблъун гьанже нилъее бугеб баркаталъе мустахІикълъизе. Аллагьасул къудраталъулъ нилъееги гІахьаллъи щвелилан бугеб хьулалдаса рохун руго нилъ. 3 Гьелдаса гуребги, гІазаб-гІакъубаялдасаги рохун руго, гІазаб-гІакъубаялъ сабру кьолеблъиги лъан. 4 Сабруялъ рачуна къо хІехьеялде, къо хІехьеялъ рачуна хьул лъеялде, 5 хьул гІадада кколаро – нилъеде рещтІинабураб Илагьияб РухІалдалъун Аллагьас нилъер рекІелъе рокьи чвахизабулеб бугелъул. 6 Жеги нилъ загІипго рукІаго, Аллагьас болжал цІараб заманалда, МасихІ хвана мунапикъзабазул мунагьал сабаблъун. 7 Муъминчиясе гІолоцин хвалде чи инадай? ЛъикІав инсанасе гІоло холев чи вукІинеги бегьула. 8 Амма Аллагьас бихьизабуна гьесие нилъ рокьулеллъи: мунагьазул цІун нилъ ругеб мехалда, нилъее гІоло хвана МасихІ. 9 Гьесул би гІодобе тІедалин нилъ гьанже ритІухълъарал. Аллагьасул ццидадасаги кигІан цІикІкІунха гьес нилъ хвасарлъизарилел! 10 Аллагьасул тушбабилъун нилъ рукІараб заманалда, гьесул Вас хвей сабаблъун, рекъел ккана гьесдаги нилъедаги гьоркьоб. Рекъел ккун хадуб кигІан цІикІкІунха нилъ хвасарлъилел гьев чІаголъи сабаблъун. 11 ТІадежоялъеги нилъ ракълиде рачарав нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІидалъун Аллагьас тІуразарурал ишаздаса рохунги руго нилъ. 12 Гьаб дуниялалде мунагь цо инсан сабаблъун бачІана, мунагь сабаблъун хвелги бачІана. Киназго мунагь гьабидал, хвелги киназдего бачІана. 13 Мусал Къанун рещтІиналдего букІана дуниялалда мунагь. Амма Къанун гьечІеб бакІалда мунагь мунагьлъун рикІкІунаро. 14 Адамидаса бахъараб Мусаде щвезегІан киналго хвалил квачІикь рукІана, Адамица гІадинаб мунагь гьабичІелгицин. Нахъа вачІине вугесул сипат-суратлъун вукІана Адам. 15 Аллагьасул баркат мунагьалде данде кквезе бегьуларо. Цо инсанасул мунагь сабаблъун гІемерал гІадамал хвана. КигІан гІемерав чиясеха баркат щвараб цо инсан, ай ГІиса МасихІ сабаблъун. 16 Цо инсанас гьабураб мунагь Аллагьасул баркаталде данде кквезе бегьуларо. ЦохІо мунагьалдаса хадуб судги гьабуна, тамихІги гьабуна. Амма гІемерал мунагьазда хадуб, тІубанго ритІухълъизарун, баркатги рещтІана. 17 Цо инсанас гьабураб цохІо мунагь сабаблъун хвалие ханлъи щвараб батани, цо инсан, ай ГІиса МасихІ сабаблъун кигІан гІемерал гІадамазеха парччахІлъи щвезе бугеб! Гьарзаго Аллагьасул баркатги щварал ва чІорого ритІухълъизеги гьарурал гьел гІадамазе чІаголъи насиблъила. 18 ХІакъикъаталдаги, цо инсанасул мунагь сабаблъун, гІемерал гІадамазе суд гьабуна. Гьединго, цо инсанасул лъикІаб иш сабаблъун, киналго гІадамал ритІухълъана ва гьезие чІаголъиги щвана. 19 Аллагьасухъ гІенеккичІев цо инсан сабаблъун гІемерал гІадамал мунагьалъукье ккарал гІадин, Аллагьасухъ гІенеккарав цо инсан сабаблъун гІемерал гІадамал ритІухълъизарила. 20 Къанун рещтІана такъсир цІикІкІине. Амма мунагь цІикІкІараб бакІалда гІемерго цІикІкІана Аллагьасул баркатги. 21 Инсан хвезавулеб мунагьалъ ханлъи гьабулеб букІараб гІадин, гьанже Аллагьасул баркаталъги ханлъи гьабила, нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІидалъун нилъ ритІухълъизе ва абадияб гІумруги насиблъизе.

6

1 Цоги щиб дица абилеб? Аллагьасул баркат цІикІкІине бокьани, церего гІадин мунагьал гьаризе кколинищ? 2 Кколаро! Мунагьалъе хвана нилъ! Гьанжеги мунагьал гьаризе бегьилищ нилъеца? 3 Яги нужеда кІочонищ тараб ГІиса МасихІгун цолъизе нилъ лъадаца чурараб заман? Гьеле гьедин нилъги лъадаца чуридал, гьесул хвел нилъееги гІахьалаблъун лъугьана. 4 Лъадаца чурун хвел гІахьалаблъун гьабидал, гьесда цадахъ хабалъги рукъана нилъ. Инсул кІудияб къудраталдалъун хваралъуса вахъинавурав МасихІида релълъун, гьанже нилъедаги кІола цІияб гІумру гьабизе. 5 Гьедин МасихІил хвелалдалъун нилъ гьевгун цолъун ругони, гьайгьай, чІаголъизариялдалъунги цолъила нилъ гьевгун. 6 Нилъеда лъала цеве нилъелъ вукІарав инсан гьесда цадахъ хъанчида ван хваравлъи – нилъелъ бугеб мунагьалъул къуват лъугІизе ва мунагьалъул лагъзаллъун нилъ хутІунгутІизе. 7 Хварав чиясда тІад мунагьалъ ханлъи гьабуларелъулха! 8 Нилъ божула, МасихІида цадахъ хведал, гьесда цадахъ чІаголъизе рукІиналдаги. 9 Нилъеда лъала хваралъуса вахъинавурав МасихІ тІокІав хвезе гьечІевлъи. Хвалил кверщел хутІичІо гьесда тІад. 10 Гьев цо нухалда хвана, мунагьалъе хвана гьев. Гьанже гьев чІаго вуго, Аллагьасда цеве чІаго вуго. 11 Гьедин нужецаги нужго рикІкІе, МасихІиде цолъун, мунагьалъе хвараллъун, Аллагьасда цере чІагояллъун. 12 Гьединлъидал хвалил кверщаликь бугеб нужер чорхолъ мунагьалъ ханлъи гьабизе биччаге. 13 Нужер чорхол лугби мунагьалъул кверщаликье ккезе риччаге, квешлъи гьабизе квалквадулеб ярагълъун ккезе риччаге гьел. Хвел тІаса инабун чІаголъиялде рачарал Аллагьасда кодоре кье нужго ва ритІухълъиялъе квалквадулеб ярагълъун нужер чорхол лугбиги кье. 14 Мунагьалъ нужеда тІад кверщел гьабизе бегьуларо, щайгурелъул Къануналъул кверщаликь гурел, Аллагьасул баркаталъул кверщаликь ругелъул нуж. 15 Щибха гьанже гьабизе кколеб? Къануналъул кверщаликь гьечІого, Аллагьасул баркаталъул кверщаликь ругелъул, мунагьалищ гьарилел? Гьариларо! 16 Цо лъиениги мутІигІлъун, гьесие лагълъи гьабулеб бугони, хІакъикъаталдаги нуж гьесул лагъзаллъун лъугьунеллъи лъаларищ нужеда? Нужее буго кІиго нух: хвалде рачунеб мунагьалъе мутІигІлъи яги жиб сабаблъун Аллагьас инсан ритІухълъизавулеб мутІигІлъи. 17 Кидаялиго нуж мунагьалъул лагъзаллъун рукІарал ратаниги, Аллагьасе рецц, нужеца ракІ-ракІалъ къабул гьабуна дица малъарабщинаб. 18 Нуж мунагьалдаса тархъанлъана ва ритІухълъиялъул лагъзаллъун лъугьана. 19 Нужер напс жеги загІипго бугелъул, нужеда гьеб дица гІадатияб мацІалда бицунеб буго. Нужер чорхол лугбуз хъублъиялъе, квешлъи-пасалъиялъе лагълъи гьабулеб букІараб гІадин, гьанже гьел тІаме нуж рацІцІалъизарулев Аллагьасе лагълъи гьабизе. 20 Мунагьалъул лагъзаллъун ругеб заманалда рацІцІалъиялъул кверщаликьа рорчІун рукІана нуж. 21 Гьанже нужго намуслъулел дол ишаздаса щиб пайда ккараб нужее доб мехалда? Хвалдейин додинал ишаз рачунел! 22 Амма гьанже мунагьалдаса тархъанлъараб ва Аллагьасул лагъзаллъун лъугьараб мехалда нужее ккараб пайдаялъ хІалалаб-бацІцІадаб гІумруялде рачуна. Ва ахиралда абадияб гІумруялдеги рачуна! 23 Хвел буго мунагьалъухъ кьолеб мухь, амма абадияб гІумру буго нилъер ТІадегІанав МасихІ ГІисаде цолъарал нилъее Аллагьасул сайигъат.

7

1 Дица бицунеб бугеб жо нужеда бичІчІила, вацал, Къанун щибали нужеда лъалелъул. Инсан чІаго вугебгІан заманалда гурони, Къануналъ гьесда тІад кверщел гьабуларо. 2 Масала, Къануналъ лъади жиндирго росасдехун юхьун йикІуна гьев чІаго вугебгІан заманалда. Гьев хваравго, гьей эркенлъула ригьнал рахъалъ Къануналъул рихьизарияздаса. 3 Рос чІаго вукІаго гьей цогидасда цадахъ йигони, зина гьабулеб бугин гьелъилан абула. Амма рос хведал гьей эркенлъула Къануналъул кверщелалдаса. Цогидасе аниги, зина гьабулеб бугин гьелъилан абуларо. 4 Гьединго нужги хвана, вацал, гьеб Къануналъе, – МасихІил чорхол лагалъун лъугьун, нуж цогидасухъе, ай хваралъуса вахъинавурасухъе, ине, цинги лъикІал ишаздалъун Аллагьасе хъулухъ гьабизе. 5 Мунагьаб напсалъ нилъеда тІад кверщел гьабулеб букІараб заманалда, Къануналъ квешал къасдазул къуват цІикІкІинабулаан нилъер чурхдузулъ, нилъер ишаздалъун хвалие хъулухъги гьабулаан. 6 Амма кидаялиго нилъ асирлъуда чІезарун рукІараб мунагьалъе гьанже нилъ хун ругелъул, Къануналдаса эркенлъана, – хъван кьураб Къануналъ бихьизабураб басрияб нухдасан инчІого, РухІалъ бихьизабураб цІияб нухдасан ун, Аллагьасе гІибадат гьабизе. 7 Щибиланха гьанже абилеб? Къанун мунагьазул иццлъун кколиланищ абилеб? Абиларо! Къанун букІинчІебани, мунагь щиб жояли лъалароан дида. Масала, дида лъалароан, жахІда-хІусуд щиб жояли: «ЖахІда-хІусуд гьабуге!» – ян абураб амру Къануналда батичІебани. 8 Гьеб амруги хІалае ккун, мунагьалъ дир жахІдаяб рекІелъ рижизаруна цогидазул бугебщинаб диеги щвелародайилан абурал пикраби. Къанун гьечІони, мунагь хвараб жо буго. 9 Къанун гьечІеб заманги букІана дир гІумруялъулъ, амма Къануналъул амру рещтІараб мехалъ, мунагь чІаголъана, дун хвана. 10 Амру рещтІун букІана дун чІаголъизавизе, гьелъин абуни, дун хвалде вачана. 11 Амруялъ кьураб ресалдаса пайдаги босун, гьеб мунагьалъин дун гуккарав ва, амруги хІалае ккун, дун хвезавурав. 12 Къанунги бацІцІадаб буго, Аллагьасул амруги бацІцІадаб, ритІухъаб ва лъикІаб буго. 13 ЛъикІаб жоялъ дун хвезавуниланищ дица абулеб бугеб? ГьечІо! Мунагьалъ гьабуна гьеб, гьедин жиндирго квешлъиги загьир гьабуна гьелъ. Мунагьалъ хвезавуна дун, лъикІаб жоялдаса пайдаги босун. Гьединаб къагІидаялъ Аллагьасул амруялъ квербакъана мунагь бищунго гІасияб жо букІин загьирлъизе. 14 Нилъеда лъала Къанун илагьияб букІин, дунин абуни, холев-унев чи вуго, мунагьалъе лагълъун вичунги вуго. 15 Дидаго бичІчІулеб гьечІо дие щиб бокьун бугебали. Диего бокьараб дица гьабуларо, рекІее рихараб гьабун батула. 16 Диего бокьулареб жо дица гьабулеб бугони, гьелъул магІна ккола Къанун лъикІаб жо букІин дида бичІчІулеб бугеблъи. 17 ХІакъикъаталда дица гуро квешлъи гьабулеб, гьеб гьабула дилъ бугеб мунагьалъ. 18 Дида лъала дир напсалъ биччалеб гьечІеблъи дица лъикІлъи гьабизе: лъикІлъи гьабизе дие бокьаниги, дихъа гьеб лъугьунаро. 19 Дица гьабулеб бугеб иш доб дие гьабизе бокьун бугеб лъикІаб иш кколаро. Дицаго гьабизе бокьун гьечІеб квешлъиги гьабулеб буго дица. 20 Гьединаб къагІидаялъ диего бокьулареб жо дица гьабуни, гьеб дица гьабураблъун кколаро, дилъ бугеб мунагьалъ гьабула гьеб. 21 ХІасил, дие загьирлъана инсанасул хасият: лъикІлъи гьабизе бокьараб мехалъ, квешлъи гьабун бахъун кколеб буго. 22 Аллагьасул Къануналдаса бохун букІуна дир ракІ. 23 Амма дида лъала дир чорхол лугбузул хасият батІияб букІин. Гьеб дир гІакълуялда дандечІола. Дир чорхол лугбузул гьеб хасият сабаблъун гьабураб мунагьалъул асирлъунги ккана дун. 24 Дидаса талихІ къосарав чиго вугодай! Дун хвалде вачунеб чорхол хасияталдаса лъица дун хвасар гьавилев? 25 Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІидалъун дун хвасар гьавулев Аллагьасе рецц! Дир гІакълуни Аллагьасул Къануналъул лагъ буго. Амма дир мунагьаб напс мунагьаб хасияталъул лагъ буго.

8

1 ГІиса МасихІиде цолъаразе тамихІ гьечІо гьанже. 2 ГІиса МасихІидалъун чІаголъизарулеб РухІалъул къануналъ тархъан гьавуна дун мунагьалъулги хвалилги къануналдаса. 3 Нилъер мунагьаб напс загІипаб бугелъул, Къануналда гьабизе кІвечІебги Аллагьас гьабуна. Инсанасул мунагьаб черхалда релълъараб черх бугев жиндирго Вас витІана гьес мунагьал чуриялъе къурбанлъун. Гьедин тамихІ гьабуна Аллагьас инсанасулъ бугеб мунагьалъе. 4 Гьанже кІола нилъеда Къануналъул киналго ритІухъал амруял щвалде щун тІуразаризе – нилъер мунагьаб напсалъе бокьухъе гуребха, Аллагьасул РухІалъ малъухъейин. 5 Жидерго мунагьаб напсалъе бокьухъе хьвадулел гІадамазул гІакълу мутІигІлъула гьезул напсалъе бокьулеб жоялъе. Амма Аллагьасул РухІалъ малъухъе хьвадулезул гІакълу мутІигІлъула РухІалъе бокьулеб жоялъе. 6 Мунагьав чиясул гІакълуялъ гьев хвалде вачуна, амма РухІалъул кверщаликь бугеб гІакълуялъ инсан абадияб гІумруялде ва сах-саламалъиялде вачуна. 7 Мунагьаб гІакълу Аллагьасда дандечІола. Гьеб Аллагьасул къануналъе мутІигІлъуларо, мутІигІлъизеги кІоларо гьелда. 8 Жидерго мунагьаб напсалъе мутІигІлъулел гІадамаздаса Аллагь разилъизе рес гьечІо. 9 Нужелъ Аллагьасул РухІ бугони, нужеда тІад кверщел мунагьаб напсалъ гуреб, РухІалъин гьабулеб. МасихІил РухІ жиндилъ гьечІев инсан МасихІил умматалъул чи кколаро. 10 Дулъ МасихІ вугони, дур черх мунагьалъе хола, амма Аллагьас мун ритІухъ гьавидал, дур рухІ чІаголъула. 11 МасихІ хваралъуса вахъинавурав Аллагьасул РухІ нужелъ бугони, МасихІ хваралъуса вахъинавурав Аллагьас нужелъ бугеб жиндирго РухІалдалъун чІаголъи кьела холел-унел нужер чурхдузеги. 12 Гьанже, вацал, нилъеда тІадаб парзги бугебха, амма мунагьаб напсалда нахърилълъине паризаяб гьечІо. 13 Мунагьаб напсалъе бокьухъе хьвадулел ругони, нуж хвела. Амма, РухІги хІалае ккун, нужеца хвезаруни нужго мунагьалъукье ккезарулел ишал, нужее абадияб гІумру насиблъила. 14 Аллагьасул РухІалъ тІоритІулел ругел гІадамал Аллагьасул лъимал ккола. 15 Нужеде рещтІараб гьеб РухІалъ хІинкъи кьоларо ва лагълъи гьабизе тІамуларо. Нужехъе рещтІана Аллагьасул лъималлъун нуж лъугьинарулеб РухІ. Гьелъин нуж тІамулел: «Абба, дир эмен!» – абун ахІизе. 16 Гьеб РухІалъ, нилъерго рухІазгун цадахъ, нугІлъи гьабула нилъ Аллагьасул лъимал рукІиналъе. 17 Нилъ лъимал кколел ругони, ирсилаллъунги ккола. МасихІидаго цадахъ нилъги рукІуна ирсилаллъун. Гьес хІехьараб гІазаб-гІакъубаялъул бутІа щвани, гьесул кІодолъиялъул бутІаги щвела нилъее. 18 Дида ракІалде ккола, гьанже нилъее бугеб гІазаб-гІакъуба данде кквезегицин бегьиларин нилъелъ загьирлъизе бугеб къудраталда. 19 Кинабго бижанщинаб гІащикъго балагьун чІун буго жиндир лъимал щалали Аллагьас кидадай загьир гьабилаян. 20 - 21 Гьеб бижанщинабги битІараб нухдаса къосине къадар букІана, жиндиего бокьун гуребха, – Аллагьасул хІукму гьединаб бугелъул. Амма гьеб бижанщиналъул хьул букІана хвалил лагълъиялдаса хвасарлъизе. Хьул букІана Аллагьасул лъималазе щвараб гІадинаб къудраталъулги эркенлъиялъулги бутІа жидееги щвелин. 22 Гьеб бижанщинаб гьанжелъагІангицин, лъимаде хІара чІварай чІужугІадан гІадин, угьдилеб бугеблъи лъала нилъеда. 23 ЦІияб гІумру байбихьиялъул гІаламатлъун Аллагьасул РухІ сайигъатлъун щварал нилъгицин угьдилел руго кидадай Аллагьас нилъ жиндирго лъималлъун гьарилаян ва кидадай нилъ тІубанго эркенлъилаян. 24 Хьул лъедалин нилъее хвасарлъи щвараб. Амма бералда бихьулелде лъураб хьул – гьеб хьул гуро. Бихьулеб жоялде хьул кин лъолеб? 25 Жеги нилъеда бихьичІелде хьул лъураб мехалъ, кидадай гьеб щвелаян сабру гьабун рукІуна нилъ. 26 ЗагІипал ва щиб гьарилебали лъаларел нилъее квер бакъула Аллагьасул РухІалъ. Амма жибго гьеб РухІалъгицин угьдилаго гьарула нилъее хІажатабщинаб, рагІабаздалъун загьир гьабизе бажарулареб каламги гьабун. 27 Аллагьасда лъала нилъер рекІелъ щиб бугебали, лъала Аллагьасул РухІалъ кинал пикраби нилъер рекІелъ рижизарун ругелали. Аллагьас малъун гьеб РухІалъ, Аллагьасул халкъалъул рахъалъ Аллагьасде гьари-дугІа гьабулеб буго. 28 Жив вокьулел ва, жиндир амруялда рекъон, хъулухъ гьабизе ахІарал гІадамазе Аллагьас сундулъго лъикІлъи гьабулеблъи лъала нилъеда. 29 Гьел руго жеги дуниялалде рачІиналдего Аллагьас тІаса рищун рукІарал гІадамал. ГІемерал вацазда гьоркьов гьесул Вас тІоцевесевлъун лъугьинелъун, гьесул Васасда релълъарал лъугьине цогидаздаса ратІа гьарунги рукІана гьел гІадамал. 30 Жинца тІаса рищаралщинал Аллагьас жиндихъего ахІана, жиндихъего ахІаралщинал ритІухълъизеги гьаруна, ритІухълъизаруралщиназе жиндирго кІодолъиялъул бутІа насиблъизабуна. 31 Гьанже гьелда тІаде щиб жубалеб? Аллагь нилъехъан ватани, нилъеда дандечІарав щивха? 32 Щивниги гьечІо! Аллагь жиндирго Васасдагицин барахщинчІо, нилъее гІоло хвезе витІана гьев. Гьединаб сайигъат гьабурав Аллагьас хутІарабщинаб кьеларищ нилъее? 33 Аллагьас тІаса рищарал нилъеда гІайиб чІвазе кІолев чи вугищ? ГьечІо. Аллагьас ритІухълъизарула гьел! 34 Лъида кІвелеб гьезие тамихІалъе хІукму гьабизе? Лъиданиги кІвеларо! МасихІ ГІиса хвана, хваралъуса вахъана ва Аллагьасул кваранаб рахъалда гІодов чІун вуго, нилъер рахъккун кІалъалев. 35 Нилъеде МасихІил бугеб рокьи тІезабизе сунда кІвелеб? Балагьалдайищ? ГІазабалдайищ? ГІадамаздасан бачІунеб къварилъиялдайищ? Ракъиялдайищ? ГІицІлъиялдайищ? ХІинкъи букІиналдайищ? Хвалчадайищ?. 36 ТІухьдузда хъван буго: «Мун сабаблъун ниж щибаб къоялъ хвалил бадире ралагьун руго. Мун сабаблъун ниж рикІкІунел руго хъвезе рачун унел чахъабилъун». 37 Сундасаго нилъ тІубанго бергьуна, нилъ рокьулев нилъее хІалае вугелъул. 38 Дида ракІчІун лъала я гІумруялда, я хвалида, я малаикзабазда, я шайтІабазда, я гьаб заманаялъул къуваталда, я бачІунеб заманаялъул къуваталда, я цогидаб къуваталда, 39 я тІасияб дуниялалъул къуваталда, я гъоркьияб дуниялалъул къуваталда, бижанщиналъул сунданиги, лъиданиги тІезабизе кІоларо нилъеде бугеб Аллагьасул рокьи – нилъер ТІадегІанав МасихІ ГІисадалъун гьес нилъее загьирлъизабураб рокьи.

9

1 Гьале дица нужее битІахъе бицунеб буго (МасихІгун цолъарав дица гьереси бицунаро, – дир намус-яхІалъ тасдикъ гьабула гьеб, Илагьияб РухІалъ нугІлъиги гьабула гьелъие): 2 дир ракІ цІакъ къваридго буго, нахъаса къотІичІого бухІулеб буго гьеб. 3 НагІана кьун, МасихІидаса дунго тІезавизе разилъила дун, гьелдалъун дир вацазе, дир ракьцоязе, 4 Исраилил халкъалъе пайда кколеб бугони. Аллагьас гьел жиндирго лъималлъун лъугьинаруна, жиндирго кІодолъиги гьезие загьир гьабуна, гьезулгун къотІиги гьабуна, Къанунги рещтІинабуна, Мукъадасаб Рокъоб Аллагьасе хъулухъ гьабизеги гьезие изну кьуна, хвасар гьарилилан рагІиги кьуна гьезие. 5 Гьезда гьоркьоса рахъана цересел аварагзаби, инсан хІисабалда МасихІги гьезул наслуялъул вуго. Бищунго тІадегІанавлъун вугев Аллагьасе абадияб рецц! Амин. 6 Аллагьас жиндирго халкъалъе кьун букІараб рагІи тІубачІилан абизе бегьуларо. Исраилил наслуялъул киналго гуро Исраилил халкълъун лъугьарал. 7 Ибрагьимил зурияталъул киналго гуро Аллагьасул лъималлъунги лъугьарал. Аллагьас Ибрагьимида абуна: «Дур наслу ИсхІакъидасан лъугьинейин бугеб». 8 Аллагьас рагІи кьун гьарурал лъималаздаса лъугьараб гурони, цогидал лъималаздаса лъугьараб наслу хІакълъунго наслулъун рикІкІунарилан абураб магІна буго гьел рагІабазул. 9 Гьадинаб рагІийин кьун букІараб: «Цо заманалдасан дун тІадвуссараб мехалъ, Саратил вас вукІине вуго». 10 Гьале цоги мисал. Гьелдаго релълъун ккана Ребекъал ургьиб нилъер наслуялъул эмен ИсхІакъидасан кІиго лъимер хулараб мехалдаги. 11 - 12 Жеги гьел лъимал гьарилелдего, гьез я квешлъи, яги лъикІлъи гьабилелдего, Аллагьас гьелда абуна: «ЦІикІкІаравги вукІина гьитІинасул лагълъун». Аллагьас гьедин щай абурабали загьирлъана гьес цояв тІаса вищидал. Гьезул ишазухъ балагьичІого, жиндиего бокьарав гьес жиндихъего ахІана. 13 ТІухьдузда хъван буго: «Якъуб дие вокьана, ГІис дие рихана», – ян. 14 Аллагьасул хІукму ритІухъаб гьечІилан абизе бегьилищ? Бегьиларо! 15 Аллагьас Мусада абуна: «Диего бокьарасда цІобги лъела, диего бокьарасда гурхІизеги гурхІила», – ян. 16 Гьедин цоял тІаса рищи бараб гьечІо инсанасе бокьи-бокьунгутІиялда ва гьесул хІаракат-жигаралда, Аллагьасул цІобалда бараб буго. 17 ТІухьдузда хъван буго Аллагьас пиргІавнасда гьадин абунилан: «Мунги хвезавун, дирго кІодолъи бихьизабизеги дир цІарги тІолабго ракьалда машгьурлъизегийин дица мун кІодо гьавурав». 18 Гьедин жиндиего бокьарав чиясда цІобги лъола Аллагьас, жиндиего бокьарав чи гІасилъизеги гьавула. 19 Дие суал кьезе бегьула: «Гьедин батани, Аллагьас лъиданиги гІайиб чІвазе бегьилищ? Гьесул къадаралде дандечІезе кІолев чи вукІунищ?» – абун. 20 Ле инсан, Аллагьгун гьедин дагІбадизе мун щив кколев? ЩагІил хъабаялъ щагІихъанасда гьикъулебищ: «Дуца дун гьадинаб щай гьабураб?» – абун. 21 ЩагІихъанасул ихтияр гьечІищ цого хІатІалъул гьайбатаб сурахІиги гІадатияб хъабаги гьабизе? 22 Жиндирго ццин бахъин бихьизабизе ва къудрат загьир гьабизе бокьаниги, халатккун сабруги гьабун, гьел «Аллагьасул ццидал цІурал хъубилъун» ругел гІадамал хвезаризе гІедегІуларо Аллагь. 23 - 24 Гьесие бокьана жиндирго гьарзаяб баркат нилъеде – «Аллагьасул цІобалъул цІурал сурахІабазде» – рещтІинабизе. Гьес цебеккунго хІукму гьабун букІана нилъее баркат насиблъизабилин. Аллагьас жиндихъего ахІун руго нилъ – жугьутІал гурелги, цогидал халкъалги. 25 Гьошея аварагасда Аллагьас гьадин абун буго: «Дир гуреб халкъ дир бугилан абила дица, дие хирияллъун гьечІезда дие хириял ругилан абила». 26 Хадубги: «Нуж дир халкъ гурилан гьезда абураб бакІалда дица абила нуж хІакъав Аллагьасул лъимал ругилан». 27 Ишая аварагасги гьадин абулеб буго Исраилил халкъалъул хІакъалъулъ: «Исраилил халкъ ралъдал салигІан гІемерлъаниги, гьезул хутІараб гьитІинабго бутІа гурони хвасарлъиларо. 28 БетІергьанас ракьалда кьварараб хІукму хехго тІубазабизе бугелъулха». 29 Гьелдасаги цебе Ишая аварагасул тІехьалда гьелъул хІакъалъулъ хъван буго: «ХІалкІолев БетІергьанас нилъее чанго наслу насиблъизабичІебани, нилъ Содомалъул халкъалда релълъинаан ва Гоморраялъул халкъалда ращалъилаан». 30 Гьанже щиб дица абилеб? ТІалаб гьабизе лъугьинчІониги, божи-иманалдалъун щвана мажусияллъун рукІаразе Аллагьасда цебе ритІухълъи. 31 Къануналдалъун гьеб тІалаб гьабизе лъугьараб Исраилил халкъалъе ритІухълъи щвечІо. 32 Щай гьедин ккараб? Щайгурелъул, божи-иманалдалъун гуреб, Къануналъ рихьизарурал ишаздалъун ритІухълъизе бокьана гьезие. 33 ТІухьдузда хъван буго: «Балагье, дица Цион магІарда тІад лъун толеб буго гІадамазул хІетІе тункулеб гьецІо ва гьел гІодор ккезе гьарулеб гамачІ. Гьеб ганчІида божарав чиясул ракІбухІиларо», – ян.

10

1 Дие цІакъ бокьун буго, вацал, Исраилил халкъ хвасарлъизе. Аллагьасдаги гьарулеб буго дица гьел хвасар гьареян. 2 Аллагьасул диналъе гьез хІаракатги жигарги бахъулеб бугилан нугІлъи гьабизе кІола дида, амма хІаракатги жигарги бугониги, бичІчІиги лъайги гьечІо гьезул. 3 Аллагьасдасан бачІунеб хІакъаб ритІухълъи жидеда лъаларелъул, гьел лъугьунел руго жидерго хасаб ритІухълъи чІезабизе. Аллагьасул ритІухълъиялъеги мутІигІлъулел гьечІо. 4 МасихІ ккола Къануналъул ахир. Гьединлъидал божи-иман бугевщинав чи ритІухълъизе рес буго. 5 Къануналъ малъухъе хьвадиялдалъун щолеб ритІухълъиялъул хІакъалъулъ Мусаца гьадин абулеб буго: «Къануналда жанир ругел Аллагьасул амруял тІуразариялдалъун инсан чІаго хутІила». 6 Амма божи-иманалдалъун щолеб ритІухълъиялъул хІакъалъулъ ТІухьдузда гьадин хъван буго: «Дуца дудаго гьикъуге зобалазде щив вахиневилан?» (Гьелъул магІна – МасихІ зобалаздаса ракьалде вачине.) 7 «Гъваридаб кІкІалахъе щив лъугьиневиланги» гьикъуге дудаго. (Гьелъул магІна – МасихІ хваразул дуниялалдаса вачине.) 8 Гьале гьадинги хъван буго ТІухьдузда: «Аллагьасул рагІи дуде гІагарлъун буго. Гьеб дур кІалдиб буго, дур рекІелъ буго». Гьеб буго божи-иманалъул хІакъалъулъ нилъеца халкъалда лъазабулеб бугеб рагІи. 9 Дур кІалалъ абулеб бугони ГІиса ТІадегІанав вугилан, Аллагьас гьев хваралъуса вахъинавиялда ракІги божулеб бугони, мун хвасарлъила. 10 Дур ракІ божулеб бугелъул, рекІедалъун ритІухълъиги щвела дуе, дур кІалалъ Рохалил хабар тІибитІизабулеб бугелъул, кІалалдалъун хвасарлъиги щвела. 11 ТІухьдузда хъван бугелъулха: «Гьелда божаравщинав чиясул ракІбухІиларо», – ян. 12 ЖугьутІазулги цогидал халкъазулги хІакъалъулъ батІалъи гьечІого абулеб буго гьедин. ЦохІо БетІергьан вуго киназулго БетІергьан. Жиндир цІар рехсон гьарарав чиясде гьес гьарзаяб баркат рещтІинабула. 13 ТІухьдузда хъван буго: «БетІергьанасул цІар рехсарав чи хвасарлъила», – ян. 14 Мун божуларев чиясул цІар кин рехсолеб? Дуда рагІичІев чиясда кин божилев? Лъицаниги дуда лъазабулеб гьечІони, кин дуда гьеб рагІилеб? 15 ВачІун кин гьеб лъазабилеб, мун гьелъие витІарав чапар гьечІони? ТІухьдузда хъван буго: «Рохалил хабар босун вачІунев чиясул кІалдиб гьоцІо буго!» 16 Амма Исраилил тІолабго халкъалъ гуро Рохалил хабар къабул гьабураб. Ишая аварагас абун бугелъул: «Я, БетІергьан, нижеца бицаралде иман лъурав чи вугевищ?» – ан. 17 ХІасил, божи-иман бижула хабаралъухъ гІенеккани, хабаралъухъ гІенеккизе ресги щола вачІун лъицаниги МасихІил хІакъалъулъ хабар лъазабулеб бугони. 18 Амма дица гьикъулеб буго гьезда рагІичІебищилан. РагІизени рагІана гьеб Исраилил халкъалда. ТІухьдузда хъван бугелъул: «Аварагзабазул хабар тІибитІана тІолабго ракьалда, гьезул рагІабиги дуниялалъул рагІалде щвана», – ян. 19 Цоги дица гьикъулеб буго гьеб харбил магІна Исраилил халкъалда бичІчІарабищилан. ТІоцебе Мусаца абулеб буго: «Халкъ бугин гьебилан рикІкІинегицин бегьулареб халкъалда нуж бахиллъизе тІамила дица. БичІчІи-лъайго гьечІеб халкъалда нужер ццин бахъинеги гьабила», – ян. 20 Гьелдаса хадуб Ишая аварагасги хІинкъичІого абулеб буго Аллагьасул рахъалъ: «Валагьулев вукІинчІезда ватана дун. Дун цІехолел рукІинчІезе дунго загьирги гьавуна», – ян. 21 Исраилил халкъалъул хІакъалъулъни Ишаяца гьадин абулеб буго: «МутІигІлъулареб ва чанкІкІараб халкъалдехун вуссун тІубараб къоялъ квералги цере ккун чІана дун».

11

1 Гьанже дица гьикъулеб буго: «Унго Аллагьас жиндирго халкъалдаса инкар гьабурабищ?» – абун. ГьабичІо! Дунги исраилилав вуго, – Ибрагьимил зурияталъул, Буняминил наслуялъул. 2 Цебеккун жиндаго лъалеб букІараб жиндирго халкъалдаса инкар гьабилищха Аллагьас! Исраилил халкъалда тІасан Иляс аварагас Аллагьасде гІарз бахъиялъул бицунеб бакІалда ТІухьдузда щиб хъван бугебали лъалищ нужеда? Илясица абулеб буго: 3 «Я БетІергьан, гьез дур аварагзаби чІвана, дуе къурбан хъвезе гьарурал бакІал щущазаруна. Гьанже цохІо хутІун вугев дунги гьез чІвазе валагьулев вуго!» 4 Аллагьас гьесие жаваб кинха кьураб? «Дица диего цІунун вуго БагІалие сужда гьабичІев анкьазарго чи». 5 Гьединго Аллагьасул баркаталдалъун тІаса рищаразул хутІараб бутІаялъул гІадамал гьанжеги руго. 6 Баркаталдалъун тІаса рищарал ругони, Къануналъул амруял тІуразаруралъухъ тІаса рищараллъун кколаро гьел. Гьедин букІинчІебани, баркаталда баркатилан абизе бегьилароан. 7 Щибха лъугьараб? Додинаб хІаракат-жигаргун тІалаб гьабулеб букІараб жо, Исраилил халкъалъеги щвечІого, тІаса рищараздасан хутІаразе щвана. Цогидал Аллагьас гІинкълъизаруна. 8 ТІухьдузда хъван буго: «Аллагьас гьел согІлъизаруна. Жакъа къоялде щвезегІанги гьезул беразда бихьуларо, гьезул гІундузда рагІуларо». 9 Давудицаги абулеб буго: «Биччанте гьел тІад кваналеб сурпа гьезие жалго кколеб гьинлъунги къорлъунги лъугьине, риччанте гьел гІодор ккезе, биччанте гьезде къисас рещтІине, биччанте щибго бихьуларедухъ гьезул бералги бецлъизе, 10 биччанте гьезул мугъги кидаго къулухъе хутІизе». 11 Цоги дица гьикъулеб буго: «ГІодор ккезе ва тІокІал тІаде рахъунгутІизе хъван букІунищ гьезул хІетІе хъущтІараб?» – абун. Гуро! Гьел гІодор ккей сабаблъун цогидал халкъалги хвасарлъана, Исраилил халкъ гьезда бахиллъизе. 12 Гьел гІодор ккеялдалъун дуниял бечелъидал, гьезие ккараб заралалдалъун цогидал халкъазе пайдаги ккедал, кигІан кІудияб баркат букІинеб Исраилил тІолабго халкъ Аллагьасде буссараб мехалъ? 13 Гьанже дун, батІи-батІиял халкъазухъе витІарав чапар, гьединаллъун рукІараздехун хитІаб гьабун кІалъалев вуго. Дун дирго чапарлъиялдаса чІухІун вуго! 14 Дир хьул буго дирго халкъалъул цо-цо гІадамазул рекІелъ жахІда бижизабизе кІвезеги бегьулин ва гьезда гьоркьоса цо-цоял хвасарлъизеги бегьулин абун. 15 Аллагьас гьел рехун тей сабаблъун тІолабго гІалам жиндихъего ахІун батани, Аллагьас гьел цІидасан къабул гьари сабаблъун щибдай лъугьина? Хун рукІарал цІидасан чІаголъила! 16 Реччеялъул цо гороги босун, Аллагьасул цІар рехсани, гьебги жубан буцарабщинабги Аллагьасе гІололъун букІуна. ГъотІол кьибил хІалалаб бугони, гІаркьалабиги хІалалал рукІуна. 17 Зайтуналъул гъотІол цо-цо гІаркьалаби къотІун руго. Мун – гІалхул зайтуналъул гъветІ, гьел гІаркьалабазул бакІалда бацІцІараб буго. Ахикь бижараб гьеб зайтуналъул гъотІол кьалбаздасан регьелги цІцІулеб буго дуца. 18 КъотІун рехарал гІаркьалабазе чІухІи гьабуге дуца. Сундаса мун чІухІизе кколеб? Дуца гуро кьалбал ккун ругел, кьалбаз мун ккун буго! 19 «Гьеб гъотІода дун бацІцІиналъе гІоло къотІун рукІанин гьел гІаркьалаби», – ян абизейищ дуе бокьун бугеб? 20 ЛъикІни абуна дуца гьеб! Гьел гІаркьалаби къотІана гьезул божи-иман гьечІолъи сабаблъун. Гьезул бакІалде мун ккана дур божи-иман сабаблъун. ЧІухІдаричІого – Аллагьасукьа хІинкъа! 21 Жиндирго гъотІол гІаркьалабазда гурхІичІев Аллагь дуда гурхІилинищ ракІалде кколеб? 22 Бихьулищ, Аллагь жив гурхІулевги, жинца кьварараб тамихІ гьабулевги вуго! Къосаразе гьес кьварараб тамихІ гьабула. Дудаги гьев гурхІула гьесул цІобалде хьул лъун мун вугебгІан заманалда. Гурони – къотІун рехула мунги! 23 Божи-иманалде чанкІкІун дандечІей гьабичІого тани, жугьутІал цІидасан Аллагьас къабул гьарила. КъотІарал гІаркьалаби цІидасан гъотІода рацІцІинеги хІалкІола Аллагьасда. 24 ГІалхул зайтуналъул гъотІодасаги къотІун, ахикь бижараб зайтуналъул гъотІода, тІабигІияб низамги хвезабун, рацІцІарал гІаркьелаллъун нуж ругони, Аллагьасе дагьабги бигьалъула гъотІодаса къотІарал гьелъул жиндирго гІаркьалаби цІидасан гьелда рацІцІине. 25 Цо балъголъи нужедаса бахчун тезе бокьун гьечІо, вацал, дие. Гьеб балъголъи лъани, гІамал кІодолъун лъугьинаро нуж. Исраилил халкъалъул цо бутІа гьадин чанкІкІун кидаго гуро букІине бугеб, цогидал халкъаздасан рачІине кколезул киналго Аллагьасде руссинегІан хутІила гьел гьедин. 26 Гьебмехалда Исраилил тІолабго халкъги хвасарлъила. ТІухьдузда хъван буго: «Цион магІардасан вачІина нуж хвасар гьарулев чи, гьес Якъубил наслуялъул гІадамазул къосинги лъугІизабила. 27 Дица гьезие къотІи гьабила гьезул мунагьал чурилилан». 28 Нужеда гьоркьоб Рохалил хабар тІибитІизабизе квекІен гьабулеб мехалда, Аллагьасул тушбаби руго гьел. Аллагьас жиндиего гІадамал тІаса рищиялъул рахъ босани, – Аллагьасе хириял чагІи руго гьел. Гьезул умумузулгун Аллагьас къотІи гьабун букІиндалха! 29 Жиндица рещтІинабураб баркат Аллагьас нахъе босуларо, жиндихъего ахІараздаса инкарги гьабуларо гьес. 30 Цере Аллагьасе мутІигІлъуларого рукІарал нужеда цІоб лъуна, – гьанже гьел мутІигІлъулел гьечІолъи сабаблъун. 31 Гьанже гьел мутІигІлъулареллъун лъугьана, – нужеда цІоб лъезе, хадуб гьездаги Аллагьасул цІоб лъезе. 32 Гьедин жиндие мутІигІлъунгутІиялъул асирлъуде ккезаруна Аллагьас киналго гІадамал, ахирги гьел киназдаго жиндирго цІоб лъезе. 33 Вай, Аллагьасул гІакъиллъиялъулги гІелмуялъулги кІкІалалъул гъварилъи! Гьесул хІукмуялда нахъгІунтІизе кІоларо! Гьесул нухазул балъголъи лъазе бажаруларо! 34 БетІергьанасул пикрабазда нахъгІунтІулев чи вугищ? Щив вукІарав Аллагьасул гІакълучилъун? 35 Нахъе бецІизелъун лъицаниги киданиги щибниги кьурабищ гьесие? 36 Кинабго гьесдасан бачІана, кинабго гьесдалъун буго, кинабго гьесде буссуна! Абадияб рецц гьесие! Амин.

12

1 Аллагь разилъулеб къурбаналъе хъолеб кьегІер хІалалабги бацІцІадабги букІине ккола. Аллагьас цІоб лъедал, дица нужеда гьарулеб буго, диналъул вацал, нужер чурхдулги гьелда релълъун рукІунеб хІалалъ хьвадейилан. ХъвечІониги къурбанлъун ккола Аллагьасе гьабулеб бугеб нужер унго-унгояб хъулухъ. 2 Гьаб дуниялалъул халкъ хьвадулеб къагІидаялъ хьвадуге нуж. Биччанте Аллагьас нуж хисизаризе, биччанте нужер гІакълуги цІияб букІине. Гьелдалъун бичІчІила нужеца щиб гьабизе Аллагьасе бокьун бугебали, батІа бахъизе лъала Аллагь разилъулебги, лъикІабги, камилабги. 3 Чапарлъиялъул баркат насиблъарав чи вугелъул, нужер щивасда абулеб буго, кколелдаса цІикІкІун кІодо гьаруге нужго нужецаго. ЧІухІдаруге нуж. Аллагьас нужер щивасе кьураб божи-иманалъул роцада рекъон цІодорго гурони рехсоге нужерго цІар. 4 Масала, нилъер щивав чиясул буго гІемерал лугбуздасан цолъараб цо черх, щибаб лагаялъулги буго гьелъ гьабизе кколеб иш. 5 Гьедин нилъги, гІемерал ругониги, МасихІиде цолъун, цо черхлъун лъугьун руго, гьелъул щибаб лагаялъ цогидал лугбузе кумек гьабула. 6 Аллагьас нилъее кьураб батІи-батІияб баркатаб гьунаралда рекъон, щивасул буго жиндирго иш. Аллагьасул амруялъул бицине гьунар бугес гьеб гьабе, жиндир божи-иманалъ насиблъизабураб ресалда рекъон. 7 Диналъул вацазе кумек гьабизе гьунар бугес, гьезие кумек гьабе. Дин малъизе гьунар бугес гьеб малъе. 8 НасихІат гьабизе гьунар бугес гьебги гьабе. БетІерлъи гьабизе гьунар бугес, хІаракат бахъун, бетІерлъиги гьабе. Садакъа кьолес сахаватго кье гьеб. ЛъикІал ишал гьарулез ракІ разиго гьаре гьел. 9 РакІ-ракІалъго рокьа нуж цоцазе. Квешлъи рикІкІад гьабе, лъикІлъиялда рекІун чІа. 10 Цоцазе рокьун, мутІигІлъун, вацал гІадин рукІа. Дудасаго гьев кІодо гьавун, цогидасул адаб-хъатир гьабе. 11 Нужер жигарчилъи чучлъизе тоге, Аллагьасе хъулухъ гьабизе рухІанияб хІаракатги загІиплъизе биччаге. 12 Хьулалъ ракІ бохизабе. Балагь бачІаниги, къвакІун чІа. Кидаго гьари-дугІаялда тІадчІа. 13 Диналъул вацазул хІажат тІубан, нужер бугебги бикьун кье. Гьалбал хирияллъун рукІа. 14 Нужее гІазаб-гІакъуба кьолесдаги баркат лъегиян абе. НагІана кьечІого, баркат лъегиян абе! 15 Рохун ругезда цадахъ рохунги рукІа, гІодулел ругезда цадахъ нужги гІоде. 16 Цоцазда гьоркьор ракІ разияб ракълида рукІа. ЧІухІи гьабуге, гІадатиял гІадамазулгун гьудуллъи гьабичІого тоге. Нужго гІакъилал чагІийилан, гІамал кІодолъун лъугьунге. 17 Нужее гьабураб квешлъи бецІун квешлъиги гьабуге. Киназго лъикІабилан рикІкІунеб иш гьабизе хІаракатги бахъе. 18 Нужехъа бажарараб къагІидаялъ ракълида рукІа нуж киназдехунго. 19 РецІел босизейилан лъугьунге, дир хириял. Аллагьасул ццин бахъине биччанте гьединал гІадамазда. ТІухьдузда хъван буго: «РецІел Дихъ буго, Дица бецІула», – ян. 20 Гьелъул гІаксалда: «Дур тушман вакъун вугони, чед кьун кваназаве, гьев къечон вугони, лъим кьун гьекъезаве. Нечезавун гьесул бетІералда тІаде цІа рекІарал тІорччол гІеркъалин дуца ралел ругел». 21 Квешлъиялъ нужго къезаризе риччаге, лъикІлъиялъ къезабе квешлъи!

13

1 ХІукуматалъе мутІигІлъе нуж киналго. Аллагьас тІад тараб гурони хІукумат букІунаро. Аллагьасул хІукмуялдалъунин хІукумат гІуцІун бугеб. 2 Гьединлъидал хІукуматалде дандечІолев чи ккола Аллагьас гІуцІаралда дандечІолев чи. Гьесие тамихІ гьабула. 3 ХІакимзабаздаса хІинкъи букІуна квешго хьвадаразе, – ритІухъго хьвадулезе букІунаро. ХІакимасдаса хІинкъи гьечІого вукІине бокьун бугищ? РитІухъго хьваде, гьес мун веццила. 4 Гьев хІакимги ккола дуе лъикІлъи гьабизе Аллагьас тІамурав лагъ. Амма дуца квешлъи гьабулеб бугони, гьесдаса хІинкъа мун, гІадада гурелъул гьес хвалчен борчун бугеб. Аллагьасул лагъ вуго гьев, квешлъи гьабуразе Аллагьасул хІукму тІубазабулев. 5 Гьединлъидал мун хІакимзабазе мутІигІлъе, тамихІ гьабилилан хІинкъун гуревги, намус-яхІ цІунунги. 6 Нужеца налогалги кьолел руго, жидеда тІадаб ишги тІубазабун, гьел хІакимзабаз Аллагьасе хъулухъ бацІцІад гьабулелъул. 7 ХІасил, гьезие кьезе кколебщинаб кье нужеца: налог кьезе кколесе налог кье, магъало кьезе кколесе магъало кье, адаб гьабизе кколесул адаб гьабе, хІурмат гьабизе кколесул хІурмат гьабе. 8 Сундулъго цоцазе налъулаллъун рукІунге нуж, цоцазе рокьиялъул налъи буго нужеда тІад. Цогидав чи вокьулес тІуразарула Къануналъул тІолалго амруял. 9 Кинаб амру босун халгьабуниги – «ХъахІбалъи гьабуге», «Чи чІваге», «Бикъуге», «Чияр боцІуда бер бахиллъуге» – гьезул магІна цолъула: «Мунго гІадин вокьа дуда аскІов вугевги» абураб цо амруялъулъ. 10 АскІов вугесе квешлъи гьабуларо рокьиялъ. Гьединлъидал рокьи ккола Къануналъул амруял тІуразарилъун. 11 Гьаб заман кинаб бугебалиги бичІчІун хьваде! Макьидаса ригьине мех щвана нужее, доб нужеца иман лъураб заманалдасаги цІикІкІун гІагарлъун буго гьанже хвасарлъи! 12 Сордо рогьунеб буго, рогьел гІагарлъулеб буго. РачІа бецІал ишал рехун тезин, нуралъул ярагъ борчинин! 13 Бакъул канлъухъе гьабизе рекъараб гІумруялде рачІинин – гьекъелги мехтелги гьечІеб, хъахІбалъиги пасалъиги гьечІеб, дагІба-рагІиги жахІда-хІусудги гьечІеб – гІумру гьабизин. 14 Биччанте ТІадегІанав ГІиса МасихІ нилъее чадирлъун вукІине. Мунагьаб напсалъе бокьараб гьабилин ракІалдецин ккезе биччаге.

14

1 Божи-иман загІипав чи нужехъего ваче, гьесул пикрабазухъ балагьун дагІбадизе-къацандизе лъугьунге. 2 Масала, цоясул божи-иманалъ гьесие изну кьола бокьа-бокьараб квен кваназе. Амма цогидав божи-иман загІипав чияс гьан кваналаро. 3 Бокьараб квен кваналес хІакъир гьавизе бегьуларо гьеб кваналарев чи. Бокьараб квен кваналарес гьеб кваналесда гІайиб чІвазеги бегьуларо, – гьевги Аллагьас къабул гьавунлъидал вугев. 4 Дур ихтияр щиб чияр лагъасда гІайиб чІвазе? Квеш хьваданиги, лъикІ хьваданиги, бетІергьанас тІубала гьесул иш. ХІакълъунго лъикІ хьвадила гьев. БетІергьанасда хІалкІолелъул гьев лъикІ хьвадизавизе. 5 Цояс рикІкІуна пуланаб къо цогидаздаса хирияб бугилан. Цогидасе киналго къоязул батІалъи гьечІо. Виччанте щивав чи жиндир гІакълу нахъгІунтІараб къагІидаялъ хьвадизе. 6 Пуланаб къо хирияб бугилан рикІкІунес гьеб гьабула ТІадегІанасе гІоло. Гьан кваналесги гьеб кванала ТІадегІанасе гІоло, кванан вахъараб мехалъ гьесие рецц гьабулелъул. Гьан кваналаресги гьеб кваналаро ТІадегІанасе гІоло – гьесги Аллагьасе рецц гьабулелъул. 7 Нилъеда гьоркьов цониги чи гьечІо цохІо жиндиего гІоло гІумру гьабулев, нилъеда гьоркьоса цониги чи цохІо жиндиего гІоло хвезеги холаро. 8 Нилъ чІаго ругеб заманаялъ, нилъ рукІуна ТІадегІанасе гІоло гІумру гьабулел. Хвезеги нилъ ТІадегІанасе гІоло хола. ЧІаго ругониги, хун ругониги – ТІадегІанасул халкъ буго нилъ. 9 Щайин абуни, МасихІ хвана ва чІаголъана хваразулги чІагоязулги ТІадегІанавлъун лъугьине. 10 Щай дуца дурго диналъул вацазда гІайиб чІвалеб? Яги щай дуца гьел хІакъир гьарулел? Нилъее киназего суд Аллагьасин гьабизе бугеб. 11 ТІухьдузда хъван буго: «Дун чІаго вукІин хІакъаб бугеб гІадин, щибаб наслуялъ дие сужда гьабизе букІинги, щибаб мацІалда Аллагьасе рецц гьабизе букІинги хІакъаб бугилан гьедулев вуго БетІергьан». 12 Нилъер щивав чияс жинцаго кьела Аллагьасда цебе жаваб. 13 Гьединлъидал, рачІа нилъеца цоцазда гІайиб чІваларин. Бищунго лъикІаб букІина диналъул вац къосинавулеб яги гьев мунагьалъукье кколеб иш гьабичІого тани. 14 ТІадегІанав ГІисагун цолъарав чи вугелъул, дир тІубанго ракІчІола цониги нигІмат жибго жиндасанго хІарамлъулареблъиялда. Инсанас жинцаго хІарамаблъун рикІкІунеб нигІмат гьесие хІарамаблъун лъугьуна. 15 Амма дуе хІалалаб нигІмат сабаблъун дуца дурго диналъул вац къварид гьавулев вугони, гьесдехун рокьи гьечІолъи бихьула гьелдасан. Кваналеб нигІмат сабаблъун хвезавуге жиндие гІоло МасихІ хвалде арав дурго диналъул вац. 16 Нужеца лъикІалилан рикІкІунел ишазул хІакъалъулъ квешаб хабар тІибитІизе биччаге. 17 Нужеца кваналелда яги гьекъолелда бараб гьечІо Аллагьасул ПарччахІлъи. Гьеб ккола Илагьияб РухІалъ насиблъизабулеб ритІухълъиги, саламалъиги, рохелги. 18 Гьедин МасихІие хъулухъ гьабулевщинав чиясдаса Аллагь разилъула, гІадамаз гьесул хІурматги гьабула. 19 Гьединлъидал, рачІа нилъеца хІаракат бахъизин нилъеда гьоркьоб рекъелги щулалъулел, цоцазе квербакъиги камиллъулел ишал гьаризе. 20 Кванил нигІмат сабаблъун Аллагьасе бокьухъе гІуцІараб иш гІадада хвезабуге. Кинабгоги нигІмат хІалалаб буго. Амма цо кинабалиго нигІмат кваналеб бугин гьесилан дуца инсан къосинавизе бегьуларо. 21 Диналъул вац къосинавизегІан, гьан кваначІого, чагъир гьекъечІого чІей лъикІ. 22 Гьелъул рахъалъ дурго пикру дуего те, дудаги Аллагьасдаги лъазе биччанте гьеб. Гьардарав гурищ, жиндирго пикруялда рекъон хьвадун, жиндаго гІайиб чІваларев чи. 23 Пуланаб нигІмат жиндие хІарамаб батилилан щаклъи ккун хадуб, гьеб кванарав чиясе тамихІ гьабула, – жиндирго божи-иманалда рекъон хьвадулев гьечІелъул. Божи-иман жиндир аслу-кьучІлъун гьечІебщинаб жо мунагь ккола.

15

1 Диналъулъ щулалъун ругел нилъеца, нилъеего пайдаялъе хІалтІичІого, загІипазе кумек гьабизе ккола, гьезие бакІлъараб гьир баччизе. 2 Нилъер щивав чиясда тІадаб буго аскІов вугесул божи-иман щулалъулеб пайдаяб иш гьабизе. 3 МасихІиеги бокьулароан жиндиего пайда. ГІадада гуро ТІухьдузда хъван бугеб: «Мун хІакъир гьавуразул хІакъирал рагІабаз хІакъир гьавулев вуго дун». 4 ТІухьдузда бугебщинаб хъван буго, гьездасан нилъее къвакІиги сабруги хІалае ккун, рекІелъ хьул цІунизе. 5 КъвакІиги сабруги нилъее кьолев Аллагьас тІубанго рагІи данде ккезабеги нужер, МасихІ ГІисада нахърилълъун, 6 нужеца киназго, цо кІалдисан кІалъарал гІадин, нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІил Эмен – Аллагьасе рецц гьабизе. 7 МасихІица нужее лъикІлъи гьабураб гІадин, нужецаги цоцазе лъикІлъи гьабе, Аллагьасе гьабулеб рецц гьелдалъун цІикІкІине. 8 ЖугьутІазе хъулухъалъе чІана МасихІ, Аллагьас жиндирго рагІи кколеблъиги ва гьезул умумузе гьабураб къотІи гьес хвезабулареблъиги гьезда бихьизабизе гІоло. 9 Гьединго жидеда цІоб лъуралъухъ цогидал халкъазги Аллагьасе рецц гьабизе гІологи. Гьелъул хІакъалъулъ ТІухьдузда хъван буго: «Цогидал халкъазухъе ун, дица дуе рецц гьабила, дур цІар рехсон, туркабиги ахІила», – ян. 10 Цоги хъван буго: «Цогидал халкъал, нужги роха Аллагьасул халкъалда цадахъ!» – ан. 11 Цоги: «Ле, киналго халкъал, БетІергьанасе рецц гьабе! Биччанте киналго къавмаз гьесие рецц гьабизе!» 12 Ишая аварагасги абулеб буго: «Иешайил кьибилалдасан кІанцІараб цо чІор, гьесул наслуялъул чи вачІина халкъазего ханлъи гьабизе, гьесде букІина гьезул хьул», – ан 13 Нужее гьединаб хьул насиблъизабурав Аллагьасда нуж божулел ругелъул, гьес нужеде рохелги рекъелги рещтІинабеги. Илагьияб РухІалъул къуваталдалъун нужер хьулги цІикІкІаги. 14 Дир тІубанго ракІчІун буго, вацал, нужелъ лъикІлъи цІикІкІун бугеблъиялда, кинабгоги нужедаго лъалеб букІиналда, цоцазе насихІат гьабизе гьунарги нужелъ букІиналда. 15 Амма гьедин букІаниги, щибго бахчичІого, гьаб кагъат хъвалеб буго, цо-цо жал нужеда ракІалде щвезаризе бокьидал. Аллагьас дида тІадкъан бугелъулха 16 цогидал халкъазда гьоркьов ГІиса МасихІие хъулухъ гьабулев чилъун вукІайилан. Аллагьасе хъулухъ гьабун ва Рохалил хабар тІибитІизабун Илагьияб РухІалъ бацІцІад гьабураб ва гьев разияб къурбан гІадин, цогидал халкъал Аллагьасухъе рачине тІадкъан буго дида. 17 Гьединлъидал, ГІиса МасихІиде цолъарав дун чІухІизе бегьула Аллагьасе гІоло дицаго гьарурал ишаздаса. 18 Гьедин абизе хІинкъуларо, дун гьоркьов ккун, МасихІица гьабуралъул хІакъалъулълъидал дица бицунеб бугеб. Гьес гьеб гьабуна мажусиялги Аллагьасе мутІигІлъизе гІоло, гьабуна рагІудалъунги ишаздалъунги, 19 гьабуна кутакал гІаламатазулги мугІжизатазулги къуваталдалъун, Илагьияб РухІалъул къуваталдалъун. Иерусалималдаса бахъараб Иллирикалде щвезегІан тІибитІизабуна дица МасихІил хІакъалъулъ Рохалил хабар. 20 Дица кидаго хІаракат бахъулаан, МасихІил цІар жеги рехсолебцин рагІичІеб бакІалде ун, гьеб Рохалил хабар гьездаги лъазабизе. Цогидаз кьучІ тІамураб мина базе бокьун букІинчІо дие. 21 ТІухьдузда хъван бугелъулха: «Гьесул хІакъалъулъ жеги бицинчІезда вихьила, гьесул хІакъалъулъ рагІичІезда вичІчІила», – ян. 22 Гьеле гьединлъидалин, къватІиве вахъине чанцІулго къачІан вукІаниги, гьанжелъизегІан нужехъе вачІинчІого хутІарав. 23 Гьаб ракьалда гьанже дун хІалтІизе кколеб бакІ хутІун гьечІелъул ва гІемерал соназ нужехъ гІащикълъунги вугелъул, 24 дида ракІалда буго, Испаниялде унаго нужехъе вачІине. Гьениве унаго нухдасан нужехъе щвезе, ва дагьаб мехгІаги нужеда аскІоб бан, чІалгІен буссине бокьун буго. Цоги, дир хьул буго гьеб сапаралъ вахъине ккани дие хІажалъулеб жоялдалъун нужеца кумек гьабилиланги. 25 Гьанже дун Иерусалималде инехъин вуго, гьениб Аллагьасул халкъалъе хъулухъ гьабизе. 26 Иналъе гІиллаги бицинин: Македониялъулги Ахаялъулги иман лъураз хІукму гьабун буго Иерусалималда ругел мискинал диналъул вацазе кумек гьабизе. 27 Гьебни лъикІаб хІукму буго, амма хІакъикъаталдаги дозие налъукь руго гьал. ЖугьутІаз гьазие илагьиял ишазулъ квербакъидал, цогидал халкъаздасан ругел вацазги дуниялалъул ишазулъ дозие квербакъизе ккеларищ? 28 Гьеб къваригІелги тІубан, дозие бакІарараб садакъадул гІарац дицаго гьенибе щвезабураб мехалъ, гьенисан Испаниялде ина ва нухдасан нужехъе щвезеги вачІина. 29 Дун нужехъе вачІараб мехалда, дидалъун МасихІица нужее баркат гьарзалъизабилеблъи лъала дида. 30 Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІие гІоло ва РухІалъ кьолеб рокьуе гІоло гьарулеб буго дица нужеда, дунги рехсон, нужецаги Аллагьасе тІадчІун гьари-дугІа гьабеян. 31 Нужеца гьаре Ягьудиялда ругел иман лъечІезул заралалдаса дун цІунеян ва дица доба гьабизехъин бугеб иш Иерусалималда бугеб Аллагьасул халкъалъ лъикІго къабул гьабегиян. 32 Аллагьас хъван батани, дун нужехъе вачІина. Гьелдаса цІакъ вохила, рекІее хІалхьи лъугьина. 33 Аллагьасул салам лъеги нужеда киназдаго. Амин.

16

1 Дица, божилъи гьабун, нужехъе йитІулей йиго Кенхреялда бугеб иман лъуразул агьлуялъе хъулухъ гьабулей гІадан, нилъерго диналъул яц Феба. 2 ТІадегІанасе гІоло нужеца гьелда дандчІвай гьабе Аллагьасул халкъалда рекъолеб къагІидаялъ. Гьелъие къваригІараб-таралъул рахъалъ кумекги гьабе. ГІемерал гІадамазеги диеги кумек гьабурай гІадан йиго гьей. 3 Салам буго дида цадахъ МасихІ ГІисае хъулухъ гьабулел ругел Прискилладеги Аквиладеги. 4 Дун сабаблъун хвел тІаде босизегицин разилъун хІалтІана гьел. Цо дица гуребги, цогидал халкъазда гьоркьоса ругел иман лъуразул тІолабго агьлуялъги баркала кьола гьезие. 5 Гьезул рокъоб данделъулеб иман лъуразул агьлуялдаги бице дир салам. Асиялда тІоцебе МасихІиде иман лъурав, дие хирияв Эпенетидеги буго дир салам. 6 ГІемерго цІакъ нужее пайдаялъе хІалтІарай Марямидеги салам. 7 Дида цадахъ туснахъалъур рукІарал дирго халкъалъул гІадамазде – Андроникидеги Юниядеги буго дир салам. Чапарзабазда гьоркьор машгьурал ва дидасаги цере МасихІиде иман лъурал чагІи руго гьел. 8 ТІадегІанас дун жиндехун вухьинавурав Амплиатидеги салам. 9 Дида цадахъ МасихІие хъулухъ гьабулев вугев Урбаниде ва дие хирияв Стахисиде салам. 10 МасихІида божиялъулъ хІалбихьарав Апеллесидеги салам. Аристобулил рукъалъул агьлуялдеги салам. 11 Дир халкъалъул чи Гьеродионидеги салам. Наркисил рукъалъул агьлуялда гьоркьоса иман лъураздеги салам. 12 ТІадегІанасе гІоло хІалтІарал Трифенадеги Трифосадеги салам. ТІадегІанасе гІоло цІикІкІун хІалтІарай, дие хирияй Персидадеги салам. 13 ТІадегІанас тІаса вищарав Руфусиде ва диеги эбеллъун лъугьарай гьесул эбелалде салам. 14 Асинкритиде, Флегониде, Гьермесиде, Патробасиде, Гьермасиде ва цогидалги гьезда цадахъ ругел вацаздеги буго дир салам. 15 Филологиде ва Юлияде, Нерейиде ва гьесул яцалде, Олимпасиде ва цогидалги гьезда цадахъ ругел Аллагьасул халкъалъул гІадамаздеги буго дир салам. 16 Муъминал вацаз гІадин, цоцазда баун, салам гьабе. МасихІиде иман лъуразул киналго жамагІатазул рахъалдасанги буго нужеде салам. 17 Нужеда гьоркьоб рагІи дандеккунгутІи бижизабулел, нужее насиблъараб божи-иманалда дандечІолел ва нужеда малъарабщиналъе квекІенги гьабулел гІадамаздаса цІунеян гьарулеб буго, вацал, дица нужеда. Нуж гьездаса рикІкІад чІа. 18 Нилъер ТІадегІанав МасихІие гуребха гьез хъулухъ гьабулеб, жидерго квешал къасдазейин. Бадибе рецц гьабун ва бахьинго кІалъан гуккула гьез жагьилзаби. 19 Киназдаго лъала Рохалил хабаралъе нуж ритІухъал рукІин. Дунги гьелдаса вохун вуго. ЛъикІлъи гьабиялъулъ гІакъилзабилъунги, квешлъи гьабиялъулъ жагьилзабилъунги рукІине бокьун буго дие нуж. 20 Нужеде сах-саламалъи рещтІинабулев Аллагьас кватІичІого нужер хІатІикь тІамила илбис. Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІил цІоб лъеги нужеда. 21 Нужеде салам буго дир кумекчи Тимофейил, дир халкъалъул гІадамаллъун ругел Лукийил, Ясонил ва Сосипатрил. 22 Гьаб кагъат жиндир квералъ хъварав Тертийилги буго нужеде ТІадегІанасул цІар рехсараб салам. 23 - 24 Жиндир рокъоре иман лъуразул агьлу данделъулев, гьобол хирияв дир хважаин Гайилги буго нужеде салам. Шагьаралъул хазина цІунулев чи Эрастилги буго салам. Нижер вац Квартилги буго салам. 25 Нужер божи-иман щулалъизабулев Аллагьасе рецц. Гьеб божи-иманалъул хІакъалъулъин Рохалил хабаралъ бицунеб бугеб. Чанго гІасруялъ балъгояблъун букІарабги загьир гьабун, ГІиса МасихІил хІакъалъулъ бицунеб буго дицаги. 26 Аварагзабазул ТІухьдуздасан загьирлъана гьанже гьеб балъголъи. Абадияв-даимав Аллагьасе бокьана киналго халкъазда гьеб лъазе ва мутІигІлъун гьез иман лъезе. 27 ГІиса МасихІги рехсон, рецц гьабилин нилъеца гІелму-гІакълу камилав цо вугев Аллагьасе! Амин.