Загьир гьарурал
11 КватІичІого ккезе бугелъул хІакъалъулъ жиндирго лагъзадерида лъазабизе Аллагьас ГІиса МасихІидалъун загьир гьарурал ишазул бицунеб буго гьаб тІехьалда. Гьесги гьел ишал, малаикги витІун, жиндирго лагъ Иоанниеги загьир гьаруна. 2 Иоанница нугІлъи гьабула жиндаго бихьанщиналъе – Аллагьасул рагІиялъе ва МасихІ ГІисаца загьир гьабурабщиналъеги. 3 Гьардарал гурелдай Аллагьасдасан рещтІараб гьеб калам рагІун цІаларавги, гьелъухъ гІенеккаралги, жидеца гьеб каламалъул амруял тІуразаруралги. Гьаб тІехьалда бицунеб бугебщинаб лъугьине заман щолеб бугелъулха! 4 Асия улкаялда ругел иман лъуразул анкьабго жамагІаталде Иоаннил рахъалдасан салам. Жив хІакъав, абадияв, даимав Аллагьасул, гьесул тахалда цеве вугев анкьавго кІудияв малаикасул 5 ва ритІухъав нугІлъунги вугев, хваралъусаги тІоцеве вахъунев дуниялалъулго ханзабазул парччахІ ГІиса МасихІил баркатги саламги лъеги нужеда. Гьесие нилъ рокьула, жиндирго биялдалъун нилъ гьес нилъер мунагьаздаса рацІцІад гьаруна, 6 жиндирго Инсул – Аллагьасул кашишзабилъунги лъугьинарун, гьес нилъ жиндирго парччахІлъиялде рачана. Абадул абадиялъ даимлъаги гьесул хІалкІолъиги къудратги! Амин. 7 Гьале, накІкІаздаги рекІун, вачІунев вуго гьев. Киназдаго вихьила гьев, гьесда хеч къазабураздагицин вихьила. Дуниялалъул киналго халкъал гьесухъ гІодила. Гьедин букІина. Амин. 8 Дун Алипги Яги вугилан, Авалги Ахирги вугилан абулеб буго Жив хІакъав, абадияв, даимав Аллагьас – Къудратав БетІергьанас. 9 Дун вуго, ГІисадехун цолъун, нужеда цадахъ гІазаб-гІакъуба хІехьезе сабру бугев ва гьелдалъун Аллагьасул парччахІлъи насиблъизе бугев нужер вац Иоанн. Аллагьасул рагІи тІибитІизабуралъухъ ва ГІиса МасихІие нугІлъи гьабуралъухъ тамихІалъе дун витІана Патмос абулеб чІинкІиллъиялде. 10 ТІадегІанасул къоялъ Илагьияб РухІалъ асар гьабуна дие – мугъзада нахъасан ахІулеб рагІана: 11 «Дуда бихьулеб бугеб жо тІанчазда хъвай ва иман лъуразул анкьабго жамагІаталде: Эфесалде, Смирнаялде, Пергамалде, Тиатираялде, Сардисалде, Филадельфиялде ва Лаодикеялде битІе». 12 Дун нахъехун вуссана, дида рагІулеб бугеб гьаракь лъилали лъазе. Нахъехун вуссиндал, дида бихьана анкьго меседил чирахъ. 13 Гьел чирахъазул бакьулъ вугоан ГІадамил Лъимада релълъарав чи. Гьесда тІад букІана хІатІазде щвараб гІаба ва карандасан борчун букІана меседил рачел. 14 Квас кинигин хъахІаб букІана гьесул ботІрол рас. Бералги цІалъун кенчІолел рукІана. 15 ЦІадаб биунеб бугеб мазгаралда релълъун рукІана хІатІал. Лъадал кІудияб чвахелоялъул гІадинаб букІана гьаракьги. 16 Гьесул кваранаб хъатикь букІана анкьго цІва. Гьесул кІалдиса къватІибе бачІунеб рагІиги релълъунаан кІибалаб ва рекІараб хвалченалда. Къалъул гІужалда бакъ гІадин гвангъун букІана гьесул гьумерги. 17 Хварав чи гІадин, гьесул хІатІазда цеве гІодов ккана дун, гьесда бер чІварабго. Кваранаб кверги дида тІад лъун, гьес абуна: «Мун хІинкъуге. Дун тІоцевесевги ахирисевги вуго. 18 Дун чІагояв вуго. Хун вукІарав дун гьале абадул абадиялъего чІаголъун вуго. Дихъ буго хвалилги хварал ругеб бакІалъулги кІул. 19 Дуда бихьизабурабщинаб – гьанже ккарабги ва хадуб ккезе бугебги – хъвай дуца. 20 Дир кваранаб хъатикь дуда бихьулеб анкьго цІваялъулги анкьго меседил чирахъалъулги балъголъи гьадинаб буго: анкьго цІва ккола иман лъуразул анкьабго жамагІаталда вугев чапар, анкьго чирахъги ккола гьеб анкьабго жамагІат».
21 Эфесалда ругел иман лъуразул агьлуялде витІарав чапарасухъе хъвай: «Анкьго цІва кваранаб хъатикь ккурас, анкьго меседил чирахъалда гьоркьосан хьвадулев вугес гьадин абулеб буго: 2 Дида лъала дур ишалги, дур захІматаб хІалтІиги, дур сабруги. Дида лъала нужедаго гьоркьоре квешал гІадамал дуца риччалареблъи. Дуца хІалбихьана жал чапарзаби ругилан абулезул (гьел дир чапарзаби гурелха!), ва дуда гьел гьерсихъаби ратана. 3 Дуца сабру гьабула, дир цІар сабаблъун гІемераб къо хІехьана дуца, амма гьелъ дур тату хвезабичІо. 4 Цо бадибчІвайги бугебха дуе гьабизе. Доб цебе букІараб рокьи дур рекІелъ хутІун гьечІо. 5 Гьединлъидал ракІалде щвезабе гІодове вортизегІан мун кинаб борхалъиялда вукІаравали. Тавбу гьабе дуца. Дол тІоцере гьарулел рукІарал ишалги гьаре. Дуца гьедин гьабичІони, вачІун гьенивегун, бугеб бакІалдаса добегІан хъурщизабила дица дур чирахъ, – дуца тавбу гьабизегІан. 6 Амма дулъ цо лъикІлъиги буго – дуе рокьуларо николаитазул ишал, диеги гьел цІакъ рихарал руго. 7 ГІундул ругезда рагІизе биччанте иман лъуразул жамагІатазда Илагьияб РухІалъ щибилан абулеб бугебали. Бергьарасе дица Аллагьасул алжаналъуб бугеб гъотІодаса пихъ кьела». 8 Смирнаялда ругел иман лъуразул агьлуялде витІарав чапарасухъе хъвай: «ТІоцевесес ва ахирисес, хун вукІун чІаголъарас гьадин абулеб буго: 9 Дида лъала дуе бугеб гІакъуба-къварилъиги, дур мискинлъи-язихълъиги, – хІакъикъаталда мун бечедав вугевха. Дида лъала Аллагьасул халкъин жидедаго абулезул мацІги бугьтанги, – амма гьеб Аллагьасул халкъ гуро, илбисалъул агьлу буго. 10 Дуца хІехьезе ккезе бугелдаса хІинкъуге мун. Гьале илбисалъ, нужер хІалбихьизе, цо-цо чи туснахъалде рехила. АнцІго къоялъ букІина нужее гьеб къварилъи. Холев вугониги, божи-иман рехун течІони, дуе шапакъатлъун абадияб гІумру кьела дица. 11 ГІундул ругезда рагІизе биччанте иман лъуразул жамагІатазда Илагьияб РухІалъ щибилан абулеб бугебали. Бергьарасе кІиабилеб хвалица щибго зарал гьабиларо». 12 Пергамалда ругел иман лъуразул агьлуялде витІарав чапарасухъе хъвай: «КІибалаб ва рекІараб хвалчен бугес гьадин абулеб буго: 13 Кинаб бакІалда мун вугевали лъала дида, илбисалъ жиндирго тах лъураб бакІалда вуго мун. Амма дир цІар цІакъ лъикІ цІунулеб буго дуца. Нужер гьенив – илбисалъул чІей бугеб бакІалда – дие нугІлъи гьабурав, дир цІакъго божарав чи Антипа чІвараб мехалдагицин, дида божун, дидаса инкар гьабичІо дуца. 14 Дуе бадирчІваял гьаризе кколел ишалги ругелха. Дуца аскІоре риччалел руго БилгІамил дин босарал гІадамал. Исраилил халкъ къосинабизе бокьун, гьев БилгІамицайин Балакида малъун букІараб гьересиаллагьзабазе гІоло къурбаналъе кьураб жо кваназе ва хъахІбалъи гьабизе. 15 Дур гьенир руго николаитазул дин ккурал гІадамалги. 16 Гьединлъидал тавбу гьабе. Тавбу гьабичІони, кватІичІого дун духъе вачІина ва дирго кІалзул хвалчаца вагъила гьелгун. 17 ГІундул ругезда рагІизе биччанте иман лъуразул жамагІатазда Илагьияб РухІалъ щибилан абулеб бугебали. Бергьарасе балъгояб нигІмат кьела дица, хъахІаб гамачІги кьела. Гьеб ганчІида хъван букІуна, жиндие щварав чиясда гурони, лъиданиги лъалареб цІияб цІар». 18 Тиатираялда ругел иман лъуразул агьлуялде витІарав чапарасухъе хъвай: «Аллагьасул Васас – цІа гІадин берал кенчІолел ругес ва цІадаб биунеб мазгаралда релълъарал хІатІал ругес – гьадин абулеб буго: 19 Дида лъала дур ишалги, рокьиги, божи-иманги, тІагІат-гІибадатги, дур сабруги, дол тІоцере рукІараздаса дур ишал гьанже цІикІкІун ругеллъиги лъала. 20 Дуе бадибчІвай гьабизе жоги бугебха. Аллагьасул балъголъи загьир гьабизе лъалилан чІарай Иезабел абулей гІаданалъ дир лагъзал гуккизе риччалел руго дуца. ХъахІбалъи гьабизе ва гьересиаллагьзабазе къурбаналъе кьураб жо кваназе малъулеб буго гьелъ гьезда. 21 Тавбу гьабизе заман кьун букІана дица гьелъие. Амма гьелъие бокьичІо жиндирго хъублъи рехун тезе. 22 Балагьея, хъубал ишалги рехун тун, тавбу гьабизегІан, дица гьей унтул бусаде рехила, гьелда цадахъ къосун рукІараздеги балагь рещтІинабила. 23 Гьелъул лъималаздеги хвел тІаде тІамила дица. Гьебмехалда киналго жамагІатазда лъала тІул-ракІалда бугебщинабгицин бихьулев чи дун вукІин. Нужер щивасул ишазда рекъон кьела дицаги щивав чиясе. 24 Божи-имангун Тиатираялда хутІарал нужеца дозул дин босичІо ва илбисалъул балъголъийилан доз абулеб жоялъулги хІалбихьичІо. Нужер мугъзада цІияб гьир баччизабиларо дица. 25 Амма нужехъ бугебаб щулаго ккве, дун гьениве вачІинегІан. 26 Дие гІоло ахиралде щвезегІан захІмат баччун бергьарасе дица кьела халкъазда тІад кверщел. 27 Инсухъа дие кверщел щвараб гІадин, гьесухъеги щвела, маххул тІилица цере къотІун, гьел рехъаде рачине ва, щагІил хъуби кинигин, гъуризе кверщел. 28 Ва дица гьесие кьела рогьалил цІва. 29 ГІундул ругезда рагІизе биччанте иман лъуразул жамагІатазда Илагьияб РухІалъ щибилан абулеб бугебали».
31 Сардисалда ругел иман лъуразул агьлуялде витІарав чапарасухъе хъвай: «Аллагьасул анкьго кІудияв малаик жинда аскІов вугес, жиндихъ анкьго цІваги бугес гьадин абулеб буго: Дида лъала дур ишал. Дур рахъалъ абулеб буго мун чІаго вугилан, амма хун вугевха мун. 2 Макьидаса вигьа ва дулъ хвечІого хутІараб, амма кватІичІого хвезе бугебщинаб щулалъизабе – дур ишал щвалде щвараллъун рихьулел гьечІо дир Аллагьасда. 3 ХІасил, духъе щварабги ва дуда рагІарабги ракІалде щвезабе, гьеб цІуне ва кантІе. Мун вигьинчІони, цІогьор гІадин вачІина дун, ва дуда лъазе гьечІо дун кида духъе вачІиневали. 4 Амма дур гьенив Сардисалда вуго ретІел хъублъизабичІев чанго чи, гьел дида цадахъ хъахІаб ратІлилъ хьвадизе руго, гьелъие мустахІикъал ругелъул. 5 Бергьаравги, гьелго гІадин, хъахІаб ратІлилъ вукІине вуго. ГІумруялъул тІехьалдаса гьесул цІарги киданиги хъвагІаларо дица. Гьесул цІар рехсела дирго Инсудаги гьесул малаикзабаздаги цебе. 6 ГІундул ругезда рагІизе биччанте иман лъуразул жамагІатазда Илагьияб РухІалъ щибилан абулеб бугебали». 7 Филадельфиялда ругел иман лъуразул агьлуялде витІарав чапарасухъе хъвай: «Жив вацІцІадас, Жив хІакъас, Давуд парччахІасул кІул кодоб бугес (гьес ричІараб лъиданиги рахазе кІоларо, гьес рахараб лъиданиги ричІизеги кІоларо) гьадин абулеб буго: 8 Дида лъала дур ишал. Балагьея, дица дуда цебе нуцІа рагьана, лъиданиги кІоларо гьеб къазе. ЗагІипав чи вукІаниги, дир рагІи цІунана дуца ва дир цІаралдаса инкарги гьабичІо. 9 Балагьея, дица духъе кьела илбисалъул агьлуялда гьоркьоса цо-цо чагІи. Гьез абула жал ругин Аллагьасул халкъ, (амма гьел Аллагьасул халкъ гуро, гьерсихъаби руго). РачІун дур хІатІазда цере накабазда чІезе тІамила дица гьел, ва гьебмехалда лъала гьезда мун дие вокьулевлъи. 10 Сабру гьабейилан бугеб дир амру дуца цІунидал, дицаги цІунила мун, – ракьалда ругезул хІалбихьизе тІолабго дуниялалде балагьалъул къо бачІараб мехалъ. 11 Дун кватІичІого вачІина. Дуе щвараб шапакъат вачІун лъицаниги бахъичІого хутІизе, духъго бугеб щулаго ккве. 12 Бергьаравги дица гьавила дирго Аллагьасул кІалгІаялъул хІубилъун. Гьев тІокІав киданиги гьениса къватІиве лъугьинаро. Дица гьеб хІобода хъвала дирго Аллагьасул цІар, дирго Аллагьасул шагьаралъул – дир Аллагьасдасан зодисан рещтІине бугеб цІияб Иерусалималъул – цІар ва дирго цІияб цІарги. 13 ГІундул ругезда рагІизе биччанте иман лъуразул жамагІатазда Илагьияб РухІалъ щибилан абулеб бугебали». 14 Лаодикеялда ругел иман лъуразул агьлуялде витІарав чапарасухъе хъвай: «Жинда божизе бегьулес, РитІухъав ва ХІакъав нугІас, Аллагьас бижанщиналъул аваллъун вугес гьадин абулеб буго: 15 Дида лъала дур ишал. Дулъ я бухІи гуро, я цІорой гуро. Дулъ бухІиниги цІоройниги букІарабаниха! 16 Хинлъи гурони, дулъ я бухІи, я цІорой гьечІелъул, дица мун дирго кІалдиса къватІиве тун рехила. 17 Дуца абулеб буго мун бечедго вугин, цІакъго ресалда вугин ва сундениги хІажалъунги гьечІин. Дуда бичІчІулеб гьечІо мун талихІ къосарав, хІакъирав, пакъирав, бецав ва гІицІав чи вукІин. 18 Дица дуе гІакълу кьела дихъа бичун босейин цІаялъ бацІцІад гьабураб месед – мунго бечелъизе; дихъа бичун босейин хъахІаб ретІел – дурго инжитаб гІицІлъи бахчизе; дихъа даруги бичун босейин – дурго бадиб бахине. Гьебмехалда канлъи бихьила дуда. 19 Диего рокьулезда гІайибги чІвала дица, тамихІги гьабула. Гьединлъидал дуца хІаракат бахъе ва тавбу гьабе. 20 Гьале нуцІихъе вачІун вуго дун, заруца бухулеб буго дица гьеб! Дир гьаракь рагІун нуцІа рагьарасухъе гьоболлъухъ ина. Цинги цадахъ гІодор чІун дунги гьевги квана-гьекъела! 21 Дун бергьиндал дир Инсуца дунги жиндирго тахида тІад гІодов чІезавурав гІадин, дицаги бергьарав дидаго аскІов дирго тахида гІодов чІезавила. 22 ГІундул ругезда рагІизе биччанте иман лъуразул жамагІатазда Илагьияб РухІалъ щибилан абулеб бугебали».
41 Гьелдаса хадуб дун вала-гъалагьана. Гьале зобалазда буго рагьараб нуцІа. Трубаялъул гІадаб кутакаб, доб дида кІалъалеб рагІараб гьаракьалъ абуна: «Гьаниве тІаде ваха, дица дуда бихьизабила хадуб щиб ккезе бугебали». 2 Илагьияб РухІалъ асар гьабун, гьебсагІатго дида цебе тІамуна гьадинаб сурат. Гьале дида цере руго зобалазул тахги гьелда гІодов чІаравги. 3 ГІодов чІарасул гьумер гвангъун букІана яшмаялда ва сардисалда релълъун, гьесул тахалда тІад чІун букІана изумрудалъулкьераб нур. 4 Гьеб тахалда сверунги букІана жеги къоло ункъо тах. Тахазда гІодор чІун рукІана къоло ункъо хІаким. Гьез ретІун букІана хъахІаб ретІел, ботІрода букІана меседил таж. 5 Доб тахалдасан пири пирхулеб букІана, кутакал гьаркьалги гъугъадиги рагІулеб букІана. Тахалда цебе рекІун букІана анкьго чирахъ – Аллагьасул анкьго кІудияв малаик. 6 Гьелда цебе бацІцІадаб цІорол гІадинаб ралъад бугилан кколеб букІана. Тахалъул ункъабго рахъалда букІана цереги нахъаги гІемерал берал ругеб ункъо рухІчІаголъи. 7 ТІоцебесеб рухІчІаголъи гъалбацІалда релълъараб букІана. КІиабилеб – оцода релълъараб букІана. Лъабабилелъул гьумер инсанасул гІадинаб букІана. Ункъабилеб релълъун букІана боржун унеб цІудуда. 8 Гьеб ункъабго рухІчІаголъиялъул щибалда букІана анлъ-анлъ кваркьи; жанисанги къватІисанги гьел куркьбаздаги рукІана берал. Къасиги-къадги гьоркьоса къотІичІого гьез ахІулеб буго: «ВацІцІадав! БатІияв! Къудратав! ХІалкІолев БетІергьан Аллагь! Жив хІакъав, абадияв ва даимав!» 9 Тахида гІодов чІарасе, абадул абадиялъ чІагоясе гьел рухІчІаголъабаз рецц гьабула, гьесул къудраталъул бицуна, гьев кІодо гьавула. Гьебго заманалда 10 къоло ункъавго хІаким кІалагъоркье речІчІула тахида гІодов чІарасда цере ва абадул абадиялъ чІагоясе сужда гьабула. Тахалда цере жидерго тажалги лъун, гьез абула: 11 «Мун нижер БетІергьан Аллагь, кинабго жо дуца бижидал, кинабго дуе бокьухъе бижун бугелъул, мун мустахІикъав вуго дуе рецц гьабизеги, къудратав ва хІалкІояв вугилан абизеги».
51 Тахида гІодов чІарасдаса кваранидехун дида бихьана кІиябго рахъалда хъвай-хъвагІай бугеб гурараб халатаб кагъат, анкьго мугьру чІван бугоан гьелда. 2 Дида вихьана цо зорбаяв малаик, кІудияб гьаркьидалъун гьес ахІулеб букІана: «ТІад чІвараб анкьабго мугьруги тІезабун, гьаб кагъат рагьизе щив мустахІикъав вугев?» 3 Я зобалазда, я ракьалда, я ракьалда гъоркь вугев цонигиясда кІвечІо, гьеб кагъат рагьун, гьелда щиб хъван бугебали хал гьабизе. 4 Кагъат рагьун гьелда щиб хъван бугебали хал гьабизе мустахІикъав чи цониги ватичІелъул, дун гІемерав гІодана. 5 Цо хІакимас дида абуна: «ГІодуге мун. Балагье, Ягьудал наслуялъул Давудил кьибилалъул гъалбацІ бергьана, гьединлъидал гьелда кІола, анкьабго мугьруги тІезабун, кагъат рагьизе». 6 Ункъабго рухІчІаголъиялъги хІакимзабазги сверун ккураб тахалда тІад бугоан хъун букІараб гІадинаб цо КьегІер. Гьелъул букІана анкьго лълъарги анкьго берги. Гьелъул магІнаги – Аллагьас тІолабго ракьалде витІарав анкьго кІудияв малаик. 7 БачІун КьагІрица доб кагъат босана тахида гІодов чІарасул кваранаб хъатикьа. 8 Доб ункъабго рухІчІаголъиги къоло ункъавго хІакимги гьеб КьагІрида цере кІалагъоркье ккана ва щивасда кодоб букІана арфаги кьеккен гьабулеб махІгьуинаб нахул цІураб меседил щурунги. (Гьелъул магІна – Аллагьасул халкъалъул дугІа.) 9 Гьез цІияб кечІ ахІана: «Хъун букІиндал ва дурго бидухъ дуца щибаб наслуялъул, щибаб мацІалъул, щибаб халкъалъул ва щибаб миллаталъул гІадамал Аллагьасе ричун росидал, мун мустахІикъаб буго, босун гьеб кагътил мугьру тІезабизе. 10 Дуца гьел парччахІлъиялде рачана ва нилъер Аллагьасул кашишзабилъунги лъугьинаруна. Гьез ракьалда парччахІлъи гьабила». 11 Дун валагьана ва дида рагІана тахалда сверухъ ва рухІчІаголъабаздаги хІакимзабаздаги сверухъ ругел гІемерал малаикзабазул гьаркьал. РикІкІун хІалкІоларелгІан гІемер рукІана гьел. 12 КІудияб гьаркьидалъун гьез ахІулеб букІана: «Хъун букІараб гьаб КьегІер мустахІикъаб буго кверщелги, бечелъиги, гІакълуги, къудратги, къадру-къиматги, реццги, баркатги насиблъизе!» 13 Зобалаздаги, ракьалдаги, ралъдадаги ва гьезда жанибги рухІ бугебщиналъ ахІулеб рагІана дида: «Тахида гІодов чІарасе ва КьагІрие абадул абадиялъго баркатги, къадру-къиматги, реццги, къудратги!» 14 Ункъабго рухІчІаголъиялъ «Амин» абуна. КІалагъоркье речІчІун, хІакимзабаз сужда гьабуна.
61 Дида бихьана КьагІрица доб анкьабго мугьруялъул цояб тІезабулеб. Доб ункъабго рухІчІаголъиялъул цоялъ, цевегІан къан валагьеян, зоб гъугъалеб гІадинаб гьаракь гьабуна. 2 Дун валагьана. Гьале дида цебе буго хъахІаб чу. Гьелда рекІарасухъ чІорбутІ буго. Гьесухъе таж кьун букІана ва, бергьиналда ракІчІарав чи кинигин, вачІунев вукІана гьев бергьенлъи босизе. 3 КьагІрица кІиабилеб мугьру тІезабуна. КІиабилеб рухІчІаголъиялъги абуна цевегІан къан валагьеян. 4 КъватІибе бачІана билбагІараб чу. Гьелда рекІарасе ихтияр кьун букІана, гІадамал цоцаца чІвазаризелъун, гьаб ракьалдаса рекъел лъугІизабизе. Гьесухъе кьун букІана кІудияб хвалчен. 5 КьагІрица лъабабилеб мугьру тІезабуна. Лъабабилеб рухІчІаголъиялъги абуна цевегІан къан валагьеян. Дун валагьана. Гьале дида цебе буго чІегІераб чу. Гьелда рекІарасда кодор цІадираби руго. 6 Доб ункъабго рухІчІаголъабазда гьоркьосан цо гьаракь рагІана дида: «Ролъул цо сахІалъул багьа – цо динар, пурчІинадул лъабго сахІалъул багьаги – цо динар. Зайтуналъул гъутІбиги цІолбол гъабуги къотІуге». 7 КьагІрица ункъабилеб мугьру тІезабуна. Ункъабилеб рухІчІаголъиялъги абуна цевегІанги къан валагьеян. 8 Дун валагьана. Гьале дида цебе буго канчІгІурччинаб чу. Гьелда рекІарасда цІар буго Хвел. Гьелдаго хадуб цун бачІунеб буго ЖужахІ. Хвалчадалъун, ракъудалъун, вабаалдалъун ва ракьалда ругел жанавараздалъунги гІадамал хвезаризе, гьаб тІолабго ракьалъул ункъил бутІаялда тІад кверщел кьун буго гьеб кІиялъего. 9 КьагІрица щуабилеб мугьру тІезабуна. Къурбан хъолеб бакІалда гъоркь дида рихьана Аллагьасул рагІи сабаблъун ва жидеца гьабураб нугІлъи сабаблъунги чІваразул рухІал. 10 Кутакаб гьаракьалдалъун гьез ахІулеб букІана: «ХІакъав ва Мукъадасав БетІергьан, кидалъагІанха гьаб ракьалда ругел гІадамал дуца тамихІ гьабичІого ва нижер бидухъ къисас босичІого тун ругел?» 11 Гьезул щивасе кьун букІана хъахІаб ретІел ва гьезда абулебги букІана нуж цодагьаб мехалъ чІайин, – нужго гІадин чІвазе ругел нужер гьалмагъзабиги вацалги тІаде журан, гІураб къадар ккезегІан чІайин. 12 КьагІрица анлъабилеб мугьруги тІезабуна. Кутакалда ракь багъарана. Бакъги чІегІерлъана, чІегІераб сугъур гІадин; рещалъараб моцІги би гІадин багІарлъана. 13 Хасел тІаде щвезегІан гъотІодаго хутІарал инжирал кутакаб гьороца рортизарулел гІадин, цІвабиги ракьалде рортун рачІана. 14 Кагътил тІамач гІадин, зобалги сукІун ана. Киналго мугІрузги чІинкІиллъабазги жидерго бакІ хисана. 15 Ракьалда ругел парччахІзаби, чІахІиял хІакимзаби, рагъул церехъаби, бечедал гІадамал, къо-асс бугел чагІи, киналго лагъзал ва уздензабиги мугІрузул нохъазда ва кьурабалъ рахчана. 16 МугІруздаги кьурабаздаги абулеб букІана гьез, жидеда тІаде рортун рачІун, жал рахчейин тахида чІарасул бераздасаги КьагІрил ццидадасаги. 17 «Гьезул ццидал кІудияб къо тІаде щун буго! Лъида гьеб хІехьезе кІолеб!»
71 Гьелдаса хадуб дида вихьана дуниялалъул ункъабго бокІнилъ чІарав ункъо малаик. Я ракьалде, я ралъдаде, яги цониги гъветІ-хералде пуйзе биччачІого, гьез ккун чІезабун букІана дуниялалъул ункъо гьури. 2 Цоги малаик вихьана дида бакъбаккул рахъалдасан ваккун вачІунев. ХІакъав Аллагьасул мугьру букІана гьесухъ. Ракьалъеги ралъдаеги зарал гьабизе изну кьурав ункъо малаикасде кутакаб гьаракьалдалъун ахІана гьес: 3 «Нижеца нилъер Аллагьасул лагъзадерил надалда мугьру чІвазегІан, я ракьалъе, я ралъдае, яги гъветІ-хералъе зарал гьабуге нужеца». 4 Дида рагІана Исраилил киналго наслабаздасан нусиялда кІикъоялда ункъазарго чиясда мугьру чІван бугин абулеб: 5 Ягьудал наслуялдаса мугьру чІваразул анцІила кІиазарго чи вуго, Рубенил наслуялдасаги – анцІила кІиазарго чи, Гадил наслуялдасаги – анцІила кІиазарго чи, 6 Ашерил наслуялдасаги – анцІила кІиазарго чи, Нафталил наслуялдасаги – анцІила кІиазарго чи, Менашил наслуялдасаги – анцІила кІиазарго чи, 7 ШимгІонил наслуялдасаги – анцІила кІиазарго чи, Левийил наслуялдасаги – анцІила кІиазарго чи, Иссахарил наслуялдасаги – анцІила кІиазарго чи, 8 Зебулонил наслуялдасаги – анцІила кІиазарго чи, Юсупил наслуялдасаги – анцІила кІиазарго чи ва Буняминил наслуялдасаги анцІила кІиазарго чи вуго мугьру чІваразда гьоркьов. 9 Нахъеги валагьана дун. Гьале щибаб миллаталъул, наслуялъул, халкъалъул ва мацІалъул гІадамаздасан лъугьараб, лъиданиги рикІкІун хІалкІолареб руккел чІун буго тахида ва КьагІрида цебе. Киназго ретІун руго хъахІал гІабаби ва хъатикь ккун руго чамасдакил гъотІол гІаркьалаби. 10 Кутакаб гьаракьалдалъун ахІулеб буго гьез: «Тахида гІодов чІарав нижер Аллагьасухъ ва КьагІрихъ буго хвасарлъи!» 11 Киналго малаикзаби чІун рукІана тахалдаги, хІакимзабаздаги ва доб ункъабго рухІчІаголъиялдаги сверухъ. Тахалда цере кІалагъоркье речІчІун, гьез Аллагьасе сужда гьабулеб букІана. 12 Абулебги букІана гьез: «Амин! Нижер Аллагьасухъ буго абадул абадиялъ баркатги, реццги, гІакъиллъиги, кІодолъиги, къадру-къиматги, къудратги, хІалкІолъиги! Амин!» 13 Дидехун вуссун цо хІакимас гьикъана: «Гьал хъахІал гІабаби ретІарал гІадамал щал кколел ва киса рачІарал чагІи гьел?» 14 Дица гьесда абуна: «Дуда лъалаха, бетІерчІахъад!» – ан. Гьес дида абуна: «Гьел рачІун руго кІудияб гІазаб-гІакъубаялдаса. КьагІрил биялъ чурун хадуб хъахІлъана гьезул гІабаби. 15 Гьединлъидалин гьел Аллагьасул тахалда цере ругел ва къасиги-къадги гьесул кІалгІаялъуб гьесие тІагІат-гІибадатги гьабулеб бугеб. Тахида чІарас жиндирго чодрокье рачина гьел. 16 Гьел тІокІал киданиги ракъиларо, къечеларо, бакъул бухІиги гьезие букІинаро, багІари-гьелегьинги гьезда хъваларо. 17 Тахил бакьулъ бугеб КьегІер гьезул вехьлъун лъугьунелъулха. Гьелъ рачина гьел маулхІаяталъул иццухъе, Аллагьас гьезул бадиса щибаб магІил гороги бацІцІина».
81 КьагІрица анкьабилеб мугьру тІезабуна. Бащдаб сагІат гІанасеб заманалда зодиб сихІкъотІи лъугьана. 2 Дида вихьана Аллагьасда цеве чІарав анкьго малаик. Гьезул щивасухъе пуйзе кьун букІана цо-цо ссур. 3 ВачІун къурбан хъолеб бакІалда цеве кьеккен гьабизе, меседил щурунги хъатикь, ккун эхетана цоги малаик. ГІемераб махІгьуинаб нах кьун букІана гьесухъе, – кинабго Аллагьасул халкъалъ дугІаги гьабун, тахида цебе къурбан тІад хъолеб меседил къаниде тІун, кьеккен гьабизе. 4 Малаикас бачІараб гьеб нахул лъугьараб кІкІуй, Аллагьасул халкъалъул дугІадул гьаракьгун цадахъ, гьев разилъизе зодибе ана. 5 Кьеккен гьабулеб щурунги кодобе босун, къурбан тІад хъолеб доб къанидаса цІадул цІезабуна малаикас гьеб, цинги ракьалде хьвагІун балагьизабуна. Гьебмехалда зобал гъугъадана, гьаркьал рахъана, пири пирхана ва ракь багъарана. 6 Анкьго ссур кодоб бугев анкьавго малаик ссуралъубе пуйзе къачІан чІана. 7 Ва тІоцевесев малаикас ссуралъубе пуна, ва горо-цІер бана, ва бигун жубараб цІаги бачІана ракьалде. Ракьалъул лъабил бутІа бухІана гьелъ, гъутІбузул лъабил бутІаги бухІана ва кинабго гІурччинхерги бухІана. 8 Ва кІиабилев малаикас ссуралъубе пуна, ва цІа рекІараб кІудияб мегІер гІадаб жо ралъдалъе бортун бачІана. Ва ралъдал лъабил бутІа биялде сверана. 9 Ва ралъдал рухІчІаголъабазул лъабил бутІа хвана, гумузул лъабил бутІаги щущан ана. 10 Ва лъабабилев малаикас ссуралъубе пуна, ва зодисан бортун бачІана цІа рекІараб сунтур гІадинаб кІудияб цІва. Гьеб тІаде бортана гІоразул лъабил бутІаялде ва лъадал иццаздеги. 11 Гьеб цІваялда цІар букІана «КьогІаб хер». Ва лъадал лъабил бутІа гьеб хер гІадин кьогІлъана, ва кьогІаб лъим гьекъон гІемерав чи хвана. 12 Ва ункъабилев малаикас ссуралъубе пуна – гьаргьадулаго ссун ана бакъул лъабил бутІа, ва моцІрол лъабил бутІа, ва цІвабзазул лъабил бутІа – кинабго канлъул лъабил бутІа. Къоялъул лъабил бутІа бецІлъун хутІана, гьединго сардил лъабил бутІаги бецІлъун хутІана. 13 Дун валагьана, ва дида рагІана зоб бакьулъан боржун унеб цо цІудуца кутакаб гьаракьалдалъун гьадин ахІулеб: «Вай, вай, вай, жеги ссуралъубе пуйчІев лъабго малаикас ссуралъубе пураб мехалда, гьаб ракьалда ругезде бачІине бугеб балагьха!»
91 Ва щуабилев малаикас ссуралъубе пуна, ва дида бихьана цо цІва зодиса ракьалде бортулеб. Гьелъухъе кьун букІана тІину гьечІеб кІкІалахъе нух бугеб гъуялъул нуцІил кІул. 2 Ва гьеб цІваялъ ричІана нуцІа. Ва кІудияб корохъа гІадинаб кІкІуй бачІана гъуялъуса къватІибе. Ва гьеб кІкІуялъ бакъги гьаваги бецІлъизабуна. 3 Ва кІкІуялда гъорлъан ракьалде бачІана ракъул гарцІазул кІудияб бо. Гьаб ракьалда ругел ичІкІалаз гІадин хечизе ихтияр кьун букІана гьезие. 4 Ва гьезда лъазабун букІана, Аллагьасул мугьру надалда гьечІел гІадамазе гурони, я ракьалда бижараб харие, я кинаб букІаниги гІурччинлъиялъе, я кинаб букІаниги гъотІое зарал гьабугеян. 5 Гьел гарцІазе ихтияр кьун букІана гьел гІадамал чІвачІого тун, щуго моцІалъ гьезие гІазаб-гІакъуба гьабизе. ИчІкІалалъ хеч къазабидал инсанасе лъугьунеб гІадинаб гІазаб-гІакъуба букІана гьеб. 6 Гьел къоязда гІадамал жидеего хвел балагьизе лъугьина, амма гьезда гьеб батиларо. Хвезе бокьун рукІина гьел, амма хвел гьездаса лъутила. 7 Рагъуе къачІарал чуязда релълъун рукІана гьел гарцІал. Меседил тажазда релълъарал жалги рукІана гьезул бутІрузда. Гьезул гьурмал инсанасулалда релълъарал рукІана. 8 Руччабазул гІадинаб расги букІана гьезул, гъалбацІалъул гІадинал гажалги рукІана. 9 Маххул гІадинал къолдабиги рукІана гьезда тІад, гьезул куркьбазул гьаракьги релълъунаан рагъде гІедегІун унел гІемерал чолгьаказул гьаракьалда. 10 ИчІкІалалъул гІадинаб рачІги букІана гарцІил, гьеб рачІалдасан хечги къазабулаан гьелъ. Гьел жидерго рачІаз гІадамазе щуго моцІалъ зарал гьабизе ихтияр кьун букІана гьезухъе. 11 Гьезул парччахІлъун букІана гьеб кІкІалалъул шайтІан; жугьутІ мацІалда гьелда цІар буго Абаддон, грек мацІалда – Аполлион («Хвел босун бачІунеб»). 12 Цо балагь тІаса ана. Гьале гьелдаго хадуб цун бачІунеб буго жеги кІиго балагь. 13 Ва анлъабилев малаикас ссуралъубе пуна, ва дида рагІана тахида цебе къурбан тІад хъолеб меседил къанил ункъабго бокІнилъ рекъезабураб ункъо лълъаралъул гьаракь. 14 Ссур кодоб ккурав анлъабилев малаикасда гьеб гьаракьалъ абулеб букІана: «КІудияб Пурат гІурул рагІалда бухьун бугеб ункъо жен бичун биччай». 15 Ва гІадамазул лъабил бутІа хвезабизе гьел риччалеб заман – сагІат, къо, моцІ ва лъагІел – тІаде щвезегІан чІезабун букІараб гьеб ункъабго жен бичун биччана. 16 Ва дида бицана анцІазарго кІиго нухалъ анцІазарилъ кьабурабгІан къадаралда рекІаралги ругин гьезул бодулъ. 17 Гьедин балъголъи загьирлъун дида рихьана чуялги чуязда рекІарал рагъухъабиги. Гьезда рукІана цІабагІараб, бецІхъахІилаб ва чІабтІил гІадинаб тІогьилаб кьералъул къолдаби. ГъалбацІалъулазда релълъарал рукІана гьел чуязул бутІрул. Ва гьезул кІалдисан бурулеб букІана цІаги, кІкІуйги, чІабатІги. 18 Гьеб лъабабго балагь рещтІиналъ – гьезул кІалдисан бурулеб цІадуцаги, кІкІуйдуцаги, чІабтІицаги – гІадамазул лъабил бутІа гъурана. 19 Гьел чуязул къуват лъун букІана гьезул кІалдибги рачІалдаги, гьезул рачІалги рукІиндалха загьруял борхьал гІадинал. Гьез хІанчІиялдалъун кколаан гІадамазе зарал. 20 Жидеца гьабурабщиналда – жундузе гІибадат гьабиялда, ва меседил, гІарцул, мазгарул, ганчІил, цІулал гьарурал, жидеда я щибниги бихьуларел, я щибниги рагІуларел, я хьвадизе кІоларел гьересиаллагьзабазе гІибадат гьабиялда – рекІекълъичІо гьел балагьал рещтІиндал хвечІого хутІарал цогидал гІадамал, ва кингоги тавбу гьабичІо гьез. 21 Я жидеца гІадамал чІваялда, я сихІру гьабиялда, я хъахІбалъи гьабиялда, яги цІогь гьабиялда рекІекълъичІо гьел, тавбуги гьабичІо гьез.
101 Цинги дида вихьана цогидав цІакъ кутакав малаик зобалаздасан рещтІунев; накІкІал рукІана гьесда тІад жемун, ботІрода тІад нурги чІун букІана, гьумер букІана бакъ гІадинаб, бохдул рукІана цІадул хІубал гІадинал. 2 Гьес рагьун хъатикь ккун букІана гьитІинабго тІехь. Кваранаб бох гьес ралъдада лъуна, квегІаб бох ракъдада лъуна. 3 ГъалбацІалъул гъулгъулиялда релълъараб кутакаб гьаракьалдалъун ахІдезе лъугьана гьев. Гьев ахІдолеб мехалда рагІана анкьго нухалда зоб гъугъараб гІадинаб гьаракь. 4 Анкьго нухалда зоб гъугъараб гІадинаб гьаракь рагІидал, гьеб хъвазейилан лъугьана дун. Амма зодисан ахІулеб рагІана: «Анкьго нухалда зоб гъугъаялдалъун дуда бицараб жо балъго те, гьеб хъваге дуца». 5 Ва ралъдадаги ракъдадаги чІун дида вихьарав малаикас жиндирго кваранаб квер зодобехун битІана. 6 Жив абадияв-даимасул, зобалги гьениб бугебщинабги, ракьги гьениб бугебщинабги, ралъадги гьениб бугебщинабги жинца бижарасул цІар рехсон гьев гьедана кватІичІого лъугІизе бугилан. 7 Анкьабилев малаикги ссуралъубе пуйзе лъугьина. Гьеб къоялъ лъугьина Аллагьас жиндирго лагъзадерида – аварагзабазда Рохалил хабар бицун лъазабун букІараб балъгояб иш. 8 Зодисан дида рагІун букІараб гьаракь гьанжеги дидехун кІалъана: «Ралъдадаги ракъдадаги чІарав малаикас рагьун хъатикь ккураб доб тІехь босизе а», – ян. 9 Малаикасда аскІове ун, дица гьесда абуна гьеб гьитІинаб тІехь дихъе кьейилан. Гьес дида абуна: «Босун кванай гьеб. Дур чохьониб гьеб кьогІлъила, амма дур кІалдиб гьеб гьоцІогІанги гьуинаб букІина» 10 Малаикасда кодоса босун, кванана гьеб гьитІинаб тІехь. Дир кІалдиб гьеб гьоцІогІанги гьуинаб букІана, амма чохьониб гьеб кьогІлъана. 11 Цинги дида абуна: «ГІемерал халкъазе, миллатазе, мацІазе ва парччахІзабазе хадубккун щиб лъугьине бугебали нахъе-нахъеги бицине ккезе буго дуца».
111 ГІансаялда релълъараб тІилги дихъе кьун, абуна: «Вахъа, дуца борце Аллагьасул кІалгІаги къурбан хъолеб бакІги, чан чияс гьениб гІибадат гьабурабалиги рикІкІе. 2 Аллагьасул кІалгІаялда сверун бугеб азбар дуца къватІиб те, гьеб борцунге, цогидал халкъазе кьун бугин гьеб. Гьез гьаб хирияб шагьар кІикъоялда кІиго моцІалъ мерхьина. 3 Дир кІиго нугІасе хІалкІолъи кьела дица, сугъуралъул ретІелги ретІун, гьез азаралда кІинусиялда лъабкъого къоялъ Аллагьасул рагІи халкъалда лъазабизе». 4 Гьел чагІи ккола кІиго зайтуналъул гъветІлъунги ва зоб-ракьалъул БетІергьанасда цебе бугеб кІиго чирахълъунги. 5 Гьезие зарал-зиян гьабизе ракІалде ккарав чиясде гьезул кІалдисан цІа бурун бачІина ва гьеб цІадуца рухІила гьезул тушбаби. Гьеле гьедин хвезе вуго гьезие зарал-зиян гьабизе ракІалде кканщинав чи. 6 Гьев кІиясдаго кІвезе буго Аллагьасул рагІи гьез халкъалда лъазабулеб заманалда цІад бачІого букІиналъе зобал къазе. Лъадада тІадги ихтияр кьун буго гьезухъе – гьеб биялде сверизабизе; гьединго ихтияр кьун буго гьезие бокьанщинахъе ракьалда балагьалъул цІал кьабизе. 7 Гьев кІиявго нугІас Аллагьасул рагІи халкъалда лъазабун бахъараб мехалда, тІину гьечІеб кІкІалахъан тІаде бачІунеб жанавар гьезда данде багъила; гьелъ гьел къезарила ва чІвала. 8 Содомлъунги Мисрилъунги лъугьараблъун рикІкІине бегьулеб гьеб кІудияб шагьаралъул къватІазде рехун хутІила гьезул жаназаби. Гьеб шагьаралдайин гьезул ТІадегІанав хъанчида вигъун вукІарав. 9 Лъабгогун бащдаб сордо-къоялъ гьезул жаназабазухъ ралагьун рукІина батІи-батІиял халкъазул, наслабазул, мацІазул ва миллатазул цо-цо гІадамал, ва гьез гьел жаназаби хабалъ лъезе риччазе гьечІо. 10 Ракьалда ругелал гьелдаса разилъила, гьез цоцазе рохел гьабила, цоцазе сайигъатал ритІила, щайгурелъул гьев кІиявго аварагас ракьалда ругелазе гІазаб кьолеб букІиндал. 11 Лъабгогун бащдаб сордо-къо индал, Аллагьасдасан чІаголъиялъул рухІ лъугьана гьев кІиясулъего. ТІаде рорхун рачІун, рахъун чІана гьел, ва гьезухъ ралагьун рукІаразул рекІелъе кутакаб хІинкъи лъугьана. 12 Зодосан кутакаб гьаракьалъ гьадин ахІулеб рагІана гьев кІиясдаго. «Гьанире тІаде раха!» Жидерго тушбабиги хадур ралагьун, накІкІуда гъорлъан зодире рачун ана гьел. 13 ГьебсагІатго кутакалда ракь багъарана. Шагьаралъул анцІил бутІа щущан ана, ракь багъариялдалъун хвана анкьазарго чи; чІаго хутІаразги, кутакалда хІинкъун, зобалазул Аллагьасе рецц гьабулеб букІана. 14 КІиабилеб балагь тІаса ана, гьале кватІичІого тІаде щолеб буго лъабабилеб балагь. 15 Ва анкьабилев малаикас ссуралъубе пуна; ва зобалазда кутакал гьаркьал рахъана, гьадин абулеб букІана гьез: «Нилъер БетІергьанас ва гьесул МасихІица дуниялалдаго парччахІлъи гьабулеб буго гьанже. МасихІица парччахІлъи гьабила абадул абадиялъго». 16 Ва Аллагьасда цеве жидерго тахазда гІодов чІарав къоло ункъавго хІакимас, кІалагъоркье речІчІун, Аллагьасе сужда гьабуна. 17 Гьез абулеб букІана: «ХІакъав, абадияв ва къудратав БетІергьан, дуе рецц, дуца дурго кІудияб хІалкІолъи бихьизабидал ва парччахІлъи гьабулеб бугелъул. 18 Халкъазул дуде ццин бахъиндал, дурги ццин гьалаглъана. Хваразеги суд гьабизе заман щун буго: дур лагъзадерие – аварагзабазе ва киналго дур цІаралъукьа хІинкъулезе – гІисиназеги чІахІиязеги – кириги хъвазе, ракьалде балагь бачІинабуразде балагьги рещтІинабизе». 19 Гьебмехалда зобалазда бугеб Аллагьасул кІалгІа загьирлъана ва гьениб жаниб бихьулеб букІана къотІиялъул гъамас. Ва пири пирхизе лъугьана, хъуй бахъана, зоб гъугъадана, ракь багъарана ва ракьалде гІемераб горо-цІер бана.
121 Ва зобалазда загьирлъана кІудияб гІаламат – бакъ тІад ретІарай, моцІ хІатІикь бугей чІужугІадан. Гьелъул ботІрода букІана анцІила кІиго цІвайил таж. 2 Лъимаде йигей гьей, хІарачІваялъул унти захІмалъун, ахІдолей йикІана. 3 Цоги гІаламат загьирлъана зодиб. Гьале анкьго бетІерги бугеб, анцІго лълъарги бугеб цІакъго кІудияб багІараб аздагьо, гьелъул бутІрузда букІана анкьго таж. 4 РачІ хьвагІун, гьелъ цІвабзазул лъабил бутІа зодиса ракьалде гъинабуна. Гьабурабго лъимер къулчІизе къачІан, лъимер гьабулей йигей гьей гІадамалда цебе чІана доб аздагьо. 5 Ва гьелъие гьавуна маххул тІилица киналго халкъал жинца рехъаде рачине ругев вас. Гьелъул гьеб лъимер Аллагьасухъе босун ана, гьесул тахида цебе лъезе. 6 Гьей гІаданги гІицІаб авлахъалде лъутун ана. Гьениб гьелъие къачІан букІараб бакІалда Аллагьас гьелъул тІалаб гьабила азаралда кІинусиялда лъабкъого къоялъ. 7 Ва зобалазда рагъ ккана – МикагІил ва гьесие мутІигІал малаикзаби аздагьоялда данде рагъулел рукІана, аздагьо ва гьелъие мутІигІал жундул дозда данде рагъулел рукІана. 8 Амма гьел бергьинчІо, зобалазда тІокІалъ бакІцин хутІичІо гьезие. 9 Ва Илбисиланги ШайтІаниланги цІар лъураб, жинца тІолабго дуниял къосинабулеб кІудияб аздагьо – некІсияб борохь ракьалде рехана ва гьелъие мутІигІал жундулги рехана гьелдаго цадахъ. 10 Дида рагІана зодиб цо кутакаб гьаракьалъ абулеб: «Гьанже бачІана нилъер Аллагьасдасан хвасарлъиги, ихтиярги, парччахІлъиги ва гьесул МасихІил ихтиярги, щайгурелъул иман лъуразде гІайиб гІунтІизабураб тушман зобалаздаса гІодобе рехун бугелъул; къасиги-къадги Аллагьасда цебе гьезде гІайиб гІунтІизабулаан гьелъ. 11 Гьеб аздагьоялдаса гьел бергьана КьагІрил биялдалъунги ва жидерго нугІлъиялъул рагІудалъунги, щайгурелъул холел ругониги, гьел жидерго гІумруялда барахщинчІелъул. 12 Гьединлъидал, зобал ва зобалазда ругелщиналги, нужеца рохел гьабе! Амма, ракьги ралъадги, нужедени балагь бачІина, – жиндие дагьаб заман хутІун букІинги лъан, гІасиго ццин бахъун, илбис нужехъе рещтІун бугелъул». 13 Жиб ракьалде рехараблъи лъайдал, дов вас гьавурай чІужугІаданалда хадуб лъугьана гьеб. 14 КІудияб цІудул кІиго кваркьи кьун букІана гьей гІаданалъе, гІицІаб авлахъалда гьелъие къачІан букІараб ва аздагьоялъухъе щолареб бакІалде йоржине. Гьениб гьелъул тІалаб гьабила лъабго соналъги анлъго моцІалъги. 15 Аздагьоялъ жиндирго кІалдисан гьелда хадуб гІор гІадин лъим чвахизабуна, гьеб гІуруца гьей йосун инародайилан. 16 Амма ракьалъ гьелъие квербакъана; жиндирго кІал рагьун, ракьалъ жанибе къулчІана аздагьоялъ кІалдисан лагІун букІараб гІор. 17 Ва гьеб аздагьоялъул кутакалда ццин бахъана гьей чІужугІаданалда. Ва Аллагьасул амруялги тІуразарулел ва ГІисал хІакъалъулъ жидеца нугІлъиги гьабулел гІадамазда – дой гІаданалъул наслуялдасан хутІарал чагІазда – данде багъизе ана гьеб. Ва гьеб аздагьо ралъдал рагІалда чІана.
131 Дида бихьана ралъдалъа къватІибе лъугьун бачІунеб жанавар. Гьелъул букІана анцІго лълъарги анкьго бетІерги. Гьелъул лълъурдузда тІад букІана анцІго таж. БутІрузда хъван рукІана Аллагьасдехун гІасилъи бихьизабулел цІарал. 2 Гьеб дида бихьараб жанавар цІиркъалда релълъараб букІана; цидул гІадинал квачІалги рукІана гьелъул, гъалбацІалъул гІадинаб кІалги букІана. Аздагьоялъ гьелъие кьун букІана жиндирго къуватги, жиндирго тахги ва бокьараб гьабизе ихтиярги. 3 Жанаваралъул цо бетІералда хвалил ругъун бугилан кколеб букІана, амма гьеб хвалил ругъун сахлъана. Ва тІолабго дуниял хІайранлъун букІана гьеб жанаваралъухъ балагьун. 4 ГІадамаз аздагьоялъе сужда гьабулеб букІана, гьелъ гьеб жанаваралъе хІалкІолъи кьедал. Жанаваралъе суждаги гьабун, гьез абулеб букІана: «Гьаб жанаваралда релълъараб щибниги гьечІогури ракьалда! Гьабгун вагъизе лъида кІолеб?» 5 Аллагьасда дандечІарал ва чІухІарал рагІаби абизе кІалги кьун букІана гьелъие ва кІикъоялда кІиго моцІалъ бокьараб гьабизе ихтиярги кьун букІана. 6 Аллагьасул цІарги, гьев чІараб бакІги ва зобалазда ругелалги инжит-хІакъир гьарун, гІасиял жал рицине кІал ричІана гьелъ. 7 Гьелъие хІалкІолъи кьун букІана Аллагьасул халкъалда данде багъизе ва гьел къезаризе. Киналго наслабазда, халкъазда, мацІазда ва миллатазда тІад хІалкІолъи кьун букІана гьелъие. 8 Хъун букІараб КьагІрихъ бугеб гІумруялъул тІехьалда дуниял бижараб мехалдаго жидер цІарал хъван рукІинчІел гІадамалги руго гьаб ракьалда. Гьез киназго сужда гьабила жанаваралъе. 9 ГІундул ругезда рагІизе биччанте: 10 «Асирлъуде ккезе хъван бугев чи асирлъуде ккечІого хутІуларо. Хвалчаца чІван хвезе хъван бугев чи хвалчаца чІван хвечІого хутІуларо». Аллагьасул халкъалъул сабруги божи-иманги букІине кколеблъи бичІчІулеб буго гьел рагІабаздасан. 11 Дида цоги жанавар бихьана ракьалдаса къватІибе лъугьун бачІунеб. КьагІрил гІадаб кІиго лълъар букІана гьелъул, амма аздагьо гІадин кІалъалеб букІана. 12 Доб тІоцебесеб жанаваралда аскІоб бугеб мехалъ, гьелъухъги букІана долъулго гІадаб хІалкІолъи; тІолабго дуниялги дуниялалда тІад ругелщиналги гьелъ тІамулел рукІана жиндир бетІералда букІараб хвалил ругъун сахлъараб доб тІоцебесеб жанаваралъе сужда гьабизе. 13 Гьелъ чІахІиял ва хІикматал мугІжизатал рихьизаруна, гІадамазда бихьун, зодисан ракьалде цІагицин бачІана. 14 Доб жанавар бугеб бакІалда мугІжизаталги рихьизарун, ракьалда ругелщинал гуккулел рукІана. Гьелъ гьезие амру гьабулеб букІана, хвалчадул ругъун лъуниги чІаго хутІараб тІоцебесеб жанаваралъул сурат гьабеян. 15 Гьелъие хІалкІолъи кьун букІана тІоцебесеб жанаваралъул сураталда рухІ лъезабизе, хІатта гьелда кІал-мацІ бижизабизегицин. ХІалкІолъи кьун букІана гьеб сураталъе сужда гьабизе бокьичІел гІадамал чІвазаризеги. 16 Киналго гІадамазул – гІисиназулги чІахІиязулги, бечедазулги мискиназулги, уздензабазулги лагъзадерилги – кваранаб квералда яги надалда гІуж лъезабуна гьелъ. 17 Жанаваралъул цІар яги гьелъул цІар бихьизабулеб тарих хъвараб гьеб гІуж гьечІесе ихтияр букІунаро щибниги бичизе яги бичун босизе. 18 Гьеб бичІчІизе ккани, гІакълу къваригІуна. ГІакълу бугес, хІисаб гьабун, балагье гьеб жанаваралъул цІар бихьизабулеб тарих, – гьеб бугелъулха инсанасул цІаралъулги тарих. Гьелъул цІаралъул тарих – 666.
141 Дун валагьана – гьале Сион магІарда буго КьегІер ва гьелда цадахъ вуго гьелъул цІарги ва гьелъул Инсул цІарги надалда хъварав нусиялда кІикъоялда ункъазарго чи. 2 КІудияб чвахелоялъул гІадинаб яги зоб гъугъалеб гІадинаб гьаракь рагІана дида зодисан. Гьеб гьаракь релълъун букІана арфаби бачунезул бакъназда. 3 Тахалда цебе, ункъабго рухІчІаголъиялдаги хІакимзабаздаги цебе цІияб кечІ ахІулеб буго гьел гІадамаз. Дуниялалъухъа ричун росарал гьел нусиялда кІикъоялда ункъазарго чиясда гурони, цоги лъиданиги кІвечІо гьеб кечІ ахІизе ругьунлъизе. 4 Гьезул цонигияс чІужу ячинчІо. РацІцІадал ругелъулха гьел! Гьел руго, кибехун гьеб аниги, доб КьагІрида хадур унел гІадамал. Гьел руго цогидал гІадамазда гьоркьоса ричун росарал чагІи. Гьел руго Аллагьасеги КьагІриеги назру гьабураб тІоцебесеб рижилъун лъугьарал гІадамал. 5 Цониги гьереси инчІо гьезул кІалдиса къватІибе. Аллагьасул рацІцІадал вализаби руго гьел. 6 Ва цоги малаик вихьана дида зоб бакьулъан воржун унев. Гьесухъ букІана ракьалда бугебщинаб миллаталда, наслуялда, мацІалда ва халкъалда бицине абадияб Рохалил хабар. 7 Кутакаб гьаракьалдалъун ахІана гьес: «Аллагьасукьа хІинкъа ва гьесие рецц гьабе, гьес суд гьабулеб сагІат тІаде щун бугелъул! Зобги, ракьги, ралъадги ва лъадал иццалги рижарасе сужда гьабе!» 8 Гьесдаго хадув цун вачІунев вукІана цоги малаик. Гьес ахІана: «Вавилон шагьар щущан ана! Щущан ана жиндир гьалагаб хъахІбалъиялъул чогърол лълъар тІолалго халкъазда гьекъезабураб кІудияб Вавилон!» 9 Гьездаго хадув цун вачІунев вукІана лъабабилев малаикги. КІудияб гьаракьалдалъун гьес ахІана: «Жанаваралъе яги гьелъул сураталъе сужда гьабурасги ва надалда яги квералда гІуж бан бугесги 10 гьекъезе буго Аллагьасул тамихІалъул лълъар. Гъорлъе лъим жубачІеб чагъирлъун гьелда жаниб букІина Аллагьасул ццин бахъин. Илагьиял малаикзабаздаги КьагІридаги цебе, цІадулъеги чІабтІилъеги рехун, гьезие гІазаб-гІакъуба гьабила. 11 Абадул абадиялъго эхеде унеб букІина гьезие бугеб гІазаб-гІакъубаялъул кІкІуй. Жанаваралъе ва гьелъул сураталъе сужда гьабуразе ва гьелъул цІаралъул гІуж лъуравщинасеги я къад, я къаси рахІат-хІалхьи букІине гьечІо». 12 Аллагьасул халкъалъул сабру букІине кколеблъи бичІчІулеб буго гьел рагІабаздасан. Аллагьасул халкъ ккола гьесул амруялги тІуразарулел ва ГІисаде иманги лъурал гІадамал. 13 Зодисан гьадин ахІулеб гьаракь рагІана дида: «Хъвай: гьардарал гурелдай гьанжеялдаса хадур холеб мехалдаги ТІадегІанасде иман лъурал гІадамал». ХІакълъунго гьедин бугилан абулеб буго Илагьияб РухІалъ. Жидерго захІматаб хІалтІудаса хадуб гьезие хІалхьи букІина, – жидеца гьарурал гьунаразухъ шапакъат щвезе бугелъулха гьезие. 14 Дун валагьана – гьале хъахІаб накІкІул парча. Гьеб накІкІул парчаялда тІад гІодов чІарав релълъун вукІана ГІадамил Лъимада. Гьесул бетІералда тІад букІана меседил таж, хъатикь букІана рекІараб нилъ. 15 Аллагьасул кІалгІаялъуса къватІиве лъугьун вачІана цоги малаик. НакІкІул парчаялда тІад вугесде кутакаб гьаракьалдалъун ахІана гьес: «Босун дурго нилъ хьвагІе, лъилъаризе заман щун бугин ракьалда». 16 НакІкІул парчаялда тІад гІодов чІарас ракьалда тІасан нилъ хьвагІана ва ракьалда бугебщинаб лъилъана. 17 Зобалазда бугеб Аллагьасул кІалгІаялъуса къватІиве лъугьун вачІана цоги малаик. Гьесда кодобги букІана рекІараб нилъ. 18 Къурбан хъолеб бакІалдасахун вачІана цІадул кверщел бугев цоги малаик, ва доб рекІараб нилъ кодоб ккун бугесде кутакаб гьаракьалдалъун ахІана гьес: «Босун дурго нилъ хьвагІе, ракьалда рижарал цІолбол хьопал къотІе, гьезда цІибил барщун бугин». 19 Малаикас ракьалда тІасан нилъ хьвагІана, ракьалда бугеб цІибил къотІана ва Аллагьасул ццидал кІудияб чаналъубе бана. 20 Гьеб цІибил мерхьана шагьаралдаса къватІибехун. Ва гьеб чаналъуса къватІибе чвахун бачІараб бидул цІуна лъабнусго километралда тІолабго сверухълъи, чу тІерхьунеб гІадаб хІор лъугьана гьениб.
151 Цинги дида зодиб бихьана цоги цІакъго кІудияб ва хІикматаб гІаламат – ахирисеб анкьго балагьги босун вачІунев вукІана анкьго малаик. Гьел ахирисел рукІана, щайгурелъул гьелдалъун лъугІулеб букІиндал Аллагьасул ццин бахъин. 2 Дида бихьана жаниб цІа рекІараб цІорол ралъадалда релълъараб бакІ. Жанаваралдаса, гьелъул сураталдаса ва гьелъул цІар бихьизабулеб тарихалдасаги бергьарал гІадамал, Аллагьасе рецц гьабулел арфабиги кодор ккун, гьеб цІорол ралъдада аскІор чІун рукІана. 3 Гьез ахІулеб букІана Аллагьасул лагъ Мусал кечІ ва КьагІрил кечІ: «ХІалкІолъи кІудияв БетІергьан Аллагь, гІажаибал ва чІахІиял руго дур ишал! Халкъазулго парччахІ, гьел дур нухал ритІухъалги руго, хІакъалги руго! 4 Я, БетІергьан, дур цІаралъукьа щив хІинкъуларев? Ва гьелъие рецц гьабуларевги щив вугев? Мун гІадин вацІцІадав цогиги гьечІо. Ва дур судалъул хІукмаби загьирлъидал, киналго халкъал рачІун, гьабила дуе сужда!» 5 Цинги дун валагьана, ва дир беразе зодиб загьирлъана Аллагьасул кІалгІа, гьелъул нуцІа рагьун бугоан. Аллагь жанив вукІиналъул гІаламатлъун кколеб чадирги букІана гьениб. 6 Анкьго балагьги босун, гьеб кІалгІаялъуса къватІиве лъугьун вачІана анкьго малаик. Гьезда букІана бацІцІадаб ва кенчІолеб ретІел, карандасан борчун букІана меседил рачел. 7 Цинги доб ункъабго рухІчІаголъиялъул цоялъ анкьавго малаикасухъе кьуна абадияв-даимав Аллагьасул ццидал цІураб анкьго меседил щурун. 8 Аллагьасул къудраталъулги хІалкІолъиялъулги кІкІуйдул цІуна гьеб кІалгІа. Анкьго малаикасухъ бугеб анкьго балагь лъугІизегІан, лъиданиги кІвечІо гьеб кІалгІаялъуве лъугьине.
161 Дида рагІана гьеб кІалгІаялъусан кутакаб гьаракьалдалъун гьев анкьавго малаикасда абулеб: «Инеги ун, нужеца ракьалде чвалхе гьеб анкьабго щуруналъуб бугеб Аллагьасул ццин». 2 Ва инеги ун тІоцевесев малаикас жиндирго щурун ракьалде чвалхана. Жанаваралъул гІуж бугел ва гьелъул сураталъе сужда гьабурал гІадамазул чурхдузда лъугьана цІакъ захІматал ва ракІ гъанцІулел ругънал. 3 КІиабилев малаикас жиндирго щурун ралъдалъе чвалхана: чІварав чиясул гІадинаб биялде сверана ралъад, ва гьениб бугеб кинабго рухІчІаголъи хвана. 4 Лъабабилев малаикас жиндирго щурун гІораздеги лъадал иццаздеги чвалхана: гьелги биялде сверана. 5 Ва лъадал малаикас абулеб рагІана дида: «Гьаб дур суд ритІухъаб буго, абадияв-даимав вацІцІадав Аллагь! 6 Вализабазулги аварагзабазулги би гІодобе тІуралъухъ, дуца гьезда би гьекъезабуна. ЦІакъ битІун ккана гьезие гьеб!» 7 Къурбан хъолеб бакІалда аскІосан абулеб рагІана дида: «БитІараб буго! ЦІакъго ритІухъабги хІакъабги хІукму къотІана дуца, хІалкІолев БетІергьан Аллагь!» 8 Ункъабилев малаикас жиндирго щурун бакъуде чвалхана. Ва гІадамал цІадуца рухІизаризе ихтияр кьуна бакъуе. 9 ГІасияб бухІи-гьелегьиналъул гІазабалъукь рукІана гІадамал. Ва гьез нагІана кьолеб букІана киналго гьел балагьал жинда кодор ругев Аллагьасул цІаралъе. Амма тавбу гьабичІо гьез, ва Аллагьасе рецц гьабизеги кантІичІо. 10 Щуабилев малаикас жиндирго щурун чвалхана жанаваралъул тахиде. БецІлъукье ккана гьелъул парччахІлъи, ва унти-гІазабалъул хІал цІикІкІиналъ, жидерго мацІал хІанчІулел рукІана гІадамаз. 11 Гьел жидеда тІаде щварал гІазабазухъги ва жидеда ругел ругъназухъги зобалазул Аллагьасе нагІана кьолеб букІана гьез, амма жидер ишаздаса рекІекълъичІо, тавбуги гьабичІо. 12 Анлъабилев малаикас жиндирго щурун Пурат абураб кІудияб гІурулъе чвалхана, ва гьеб гІурул лъим бакъвана, бакъбаккул рахъалдасан парччахІзабазе нухги рагьана. 13 Ва дида бихьана къуркъбузда релълъараб лъабго хъубаб жен аздагьоялъул кІалдисанги, жанаваралъул кІалдисанги ва гьересиаварагасул кІалдисанги къватІибе лъугьун бачІунеб. 14 Гьел руго квешал жундул; гьез гІаламатал рихьизарула. Ва гьел ана тІолабго дуниялалъул парччахІзабазухъе, ХІалкІолев Аллагьасул кІудияб къоялъ цолъун, данделъун, гьел рагъде рахъинаризе. 15 ТІадегІанас абулеб буго: «Гьале дун цІогьор гІадин вачІунев вуго. Гьардарав гуревдай тІад ретІелги ретІухъе ворчІуда чІарав чи: гьев толохІочго хьвадизе ккеларо ва гІадамаздаса намуслъичІого хутІила». 16 Гьел жундуз парччахІзабазул боял данде ракІарана жугьутІазул мацІалда Гьармагеддон абулеб бакІалде. 17 Анкьабилев малаикас жиндирго щуруналъуб букІараб жо гьаваялде чвалхана. Ва Аллагьасул кІалгІаялъуб бугеб тахида аскІосан кутакаб гьаракьалдалъун: «ТІубана!» – ян абулеб рагІана дида. 18 Ва пири пирхана, гьаркьал рахъана, зоб гъугъадана, кутакалда ракь багъарана; ракьалда гІадамал рижаралдаса нахъе жеги киданиги букІинчІеб къагІидаялъ багъарана ракь. 19 КІудияб шагьар Вавилон лъабго бутІаялде бихъун ана, ва цогидал халкъазул шагьарал щущан тІатІала ккана. Гьедин Аллагьасда ракІалде щвана кІудияб Вавилон: гьес гьелъие гьекъезе кьуна жиндирго ццидал цІураб щурун. 20 Ва киналго чІинкІиллъаби лъутун ана, ва мугІрулги ратичІо. 21 Зодисан гІадамазда тІаде бана щибалъул бакІлъи кІикъоялда анцІго килограмм бугеб горо. Гьеб балагьалъул гІасилъи бихьун, гІадамаз Аллагьасде гІайиб гьабулеб букІана.
171 Анкьго щурун кодоб бугев анкьго малаикасдасан цояс, дида аскІовеги вачІун абуна: «Вилълъа, дица дуда бихьизабила чІахІиял гІоразда тІад гІодой чІарай кІудияй хъахІбаялъе судалъ къотІараб хІукму. 2 Дуниялалъул парччахІзабигун лъугьун хъахІбалъи гьабулеб букІана гьелъ, ва гьеб жиндирго хъахІбалъиялъул чогъроца ракьалда ругелщинал мехтизаруна гьелъ». 3 Илагьияб РухІалъ асар гьабидал, дида дунго вихьана малаикас гІицІаб авлахъалде щвезавурав гІадин. Гьений ятана бецІбагІараб жанаваралда тІад рекІарай чІужугІадан. Аллагьасде гІасилъи загьир гьабулел цІаразул цІун букІана гьеб жанавар; анкьго бетІерги букІана гьелъул, анцІго лълъарги букІана. 4 Гьей чІужугІаданалъ ретІун букІана бецІхъахІилабги бецІбагІарабги ретІел; меседалъ, жавгьар-якъуталъ ва къиматаб маргъалалъ къачІа-кІатІан йикІана гьей. Гьелда кодоб букІана гьелъул хъахІбаял ишазулги хъублъиялъулги цІураб меседил щурун. 5 Гьелъул надалда хъван букІана балъгояб цІар – КІудияб Вавилон шагьар – хъахІбабазулги дуниялалъулго хъублъидулги эбел абун. 6 ГІисаде иман лъуразул – гьесие нугІлъи гьабуразул – биялъ мехтун йихьана гьей гІадан дида, ва гьей йихьарайго дун кутакалда хІикмалъана. 7 Ва малаикас абуна: «Щай мун хІикмалъарав? Гьай гІаданалъулги ва гьай тІад рекІараб анкьго бетІерги анцІго лълъарги бугеб жанаваралъулги балъголъи рагьила дица дуе. 8 Дуда бихьараб жанавар цебе чІаго букІана, гьанже гьечІо. Нахъеги тІину гьечІеб кІкІалахъа къватІибе бачІина гьеб ва жиндирго хвалде данде ина. Дуниял бижараб мехалдаго жидер цІарал гІумруялъул тІехьалда хъван рукІинчІел гьаб ракьалда ругелщинал гІадамал хІикмалъила гьеб жанавар бихьун, цин гьеб чІаго букІиндал, цинги хведал, хадуб цІидасан чІаголъидал. 9 Гьеб бичІчІизе лъай-гІакълу хІажалъула. Анкьабго бетІер ккола гьей чІужугІадан тІад чІараб анкьго гохІ. 10 Гьединго анкьго парччахІги ккола – гьезул щугояв хвана, цояв чІаго вуго ва цояв жеги вачІинчІо; вачІараб мехалдаги гьев гІемер заманалъ хутІиларо. 11 Дов анкьавго парччахІасда гьоркьоса цояв вугониги, микьабилев парччахІ ккола гьев. Хвалде данде ина гьевги. 12 Дуда бихьараб анцІабго лълъарги ккола жеги парччахІлъи щвечІев, амма жанаваралда цадахъ цо сагІаталъул болжалалда парччахІлъи щвезе бугев анцІго парччахІ. 13 Гьезул букІина цого мурад-къасд, ва жидерго къуватги къудратги гьез жанаваралъе кьела. 14 КьагІрида данде рагъизе руго гьел, амма КьегІер гьездаса бергьина, гьеб КьегІер бугелъул тІадегІаназулги ТІадегІанаб ва парччахІзабазулги ПарччахІ. Гьелда цадахъ рукІина ахІун рачІаралги, тІаса рищаралги, рекІелъ божи бугелги». 15 Гьев малаикас дида абуна: «ХъахІба тІад чІун дуда рихьарал гІорал ккола халкъалги, руккелалги, миллаталги, мацІалги. 16 Дуда бихьараб жанаваралдаги анцІабго лълъаралдаги гьей хъахІба цІакъ рихине йиго: гьез гьей тІутІун яла, тІад ретІел гьечІого гІицІго хутІизайила, гьелъул гьан кванала ва цІадаеги рехун юхІила. 17 Жиндирго хІукму билълъанхъизабиялъе Аллагьас гьел гІадамазул рекІелъе лъугьинабуна киналго цолъун мурад тІубазабизе нигат. Гьезги жидерго кверщел гьеб жанаваралъухъе кьуна, – Аллагьасул рагІаби тІуразегІан заманалда. 18 Дуда йихьарай чІужугІаданги ккола дуниялалъул парччахІзабазда тІад кверщел жиндихъ бугеб кІудияб шагьар».
181 Гьелдаса хадуб дида вихьана зодисан рещтІунев цоги малаик. Гьесие кьун буго кІудияб ихтияр, ва гьесдасан бачІараб нуралъ гвангъун букІана ракь. 2 Кутакаб гьаракьалдалъун гьес ахІана: «Щущан ана, Вавилон шагьар щущан ана, шайтІаби чІараб бакІлъун, хъубабщинаб жен, хъубабщинаб ва рокьукъабщинаб хІинчІ бахчулеб бакІлъун лъугьана гьеб. 3 Вавилоналъ жиндирго гьалагаб хъахІбалъиялъул чагъир тІолалго халкъазда гьекъезабидал, дуниялалъулго парччахІзабазгун цадахъ гьелъ хъахІбалъи гьабидал ва дуниялалъулго базаргаби гьелъул гьарзалъиялдасан бечелъидал ккана гьеб гьедин». 4 Дида рагІана зодисан цогидаб гьаракьалъ абулеб: «Я, дир халкъ, гьелъул мунагьазулъ гІахьаллъунгутІизе ва гьелъие гьабизе бугеб тамихІалдасаги хвасарлъизе, гьениса къватІибе лъугьа мун. 5 Гьелъул мунагьазул гьиразул гохІ зодибе гІунтІун бугелъул, гьелъул квешлъабиги Аллагьасда ракІалде щун ругелъул! 6 Гьелъ нужехъе кьурабги, гьелъухъего нахъе кьун, бецІе, гьелъ гьабунщинабги кІиго бутІаялде бахинабун бецІе. Гьелъ чогърол цІун кьураб лълъар, кІицІулго цІезабун, кье гьелъие. 7 Гьелъ жиндиего гьабулеб букІараб рецц-бакъалдаги тІалаб гьабулеб букІараб хІарамаб гьарзалъиялдаги бащадаб гІазаб-гІакъубаги къварилъиги рещтІинабе гьелда тІаде. Жий парччахІ йигин, жий къоролайги гурин, жинца чІегІерги баларин гьелда ракІалде ккедал, 8 цо къоялъ гьелде рещтІина балагьги, къварилъиги, ракъиги; гьелъие суд гьабулев БетІергьан Аллагь къудратав вугелъул, цІадулъ гъанкъила гьей! 9 Гьелда рекІараб цІадул кІкІуй бихьидал гІодила ва инагьдила гьелда цадахъ хъахІбалъиялдаги хІарамаб гьарзалъиялдаги рукІарал дуниялалъул парччахІзаби. 10 Гьелде рещтІараб гІазаб-гІакъубаялдаса хІинкъун, рикІкІадаги чІун: „Вай, вай, Вавилон – кІудияб шагьар, щулияб шагьар, цохІо сагІаталда жаниб тІубана дуе къотІараб хІукму“, – ян абила гьез. 11 Жидер къайи гьанже лъицаниги бичун босулеб гьечІелъул, дуниялалъул базаргабиги гьелъухъ магІу гьабун гІодулел руго. 12 „Бичун унеб гьечІо меседилги гІарцулги къайи, жавгьар-якъут, къиматаб маргъал, тІеренаб ххам, бецІбагІараб ххам, чиллайдул ххам, канчІбагІараб ххам, махІгьуинаб цІул, магьидул гьарурал батІи-батІиял тІагІелал, къвакІараб къиматаб цІулалги, мазгарулги, маххулги ва мармаралъулги гьабураб къайи, 13 гъаран, пучч-пилпил, кьеккен гьабулеб нах, мазь, чагъир, нах, хханжу, ролъ, чІегІербоцІи, гІи-цІцІани, чуял, гьакал, лагъзал, ай ричулел гІадамал. 14 Дуда кодоса ана дур рекІее рокьулел рукІарал пихъал, хараблъана кинабго беричабщинабги гвангъарабщинабги, гьеб киданиги духъе нахъе щвезе гьечІо“. 15 Гьебгощинаб къайи бича-хисулел рукІарал ва гьелдалъун бечелъарал дол базаргаби, гьелде рещтІараб гІазаб-гІакъубаялдасаги хІинкъун, рикІкІадегІан чІун гІодила. 16 „Вай, вай, кІудияб шагьар, тІеренаб дарай ретІараб, бецІбагІараб ва канчІбагІараб ххам ретІараб, меседалъ, жавгьар-якъуталъ, къиматаб маргъалалъ къачІараб шагьар! 17 ЦохІо сагІаталда жаниб хараблъана дур гьеб кІудияб бечелъи“, – абун магІу гьабила гьез. Киналго гумузул бетІергьабиги, киналго гумузда рекІун рукІаралги, ралъдахъабиги ва киналго ралъдадасан бетІербахъаралги рикІкІада чІун рукІана. 18 Гьелда рекІараб цІадул кІкІуй бихьун: „Гьададинаб кІудияб шагьар киданиги кибниги букІанадай!“ – абун ахІдана гьел. 19 БотІроде рахъуги бан, гІодилаго магІу гьабуна гьез: „Вай, вай, кІудияб шагьар! Дур гьарзалъиялдасан бечелъана ралъдада ругел киналго гумузул бетІергьаби, ва цохІо сагІаталда жаниб хараблъана мун“. 20 Гьалдаса роха нуж, зобал; роха, вализаби, чапарзаби, аварагзаби, – гьелъ нужее гьабун букІараб гІадинаб хІукму гьабунин Аллагьас гьелъиеги». 21 Цо къуватав малаикас кодобе босана кІудияб гьобо гІадинаб гьецІо ва, хьуризабун ралъдалъе гьебги рехун, гьес абуна: «Гьадин хьуризабун рехила кІудияб шагьар Вавилон. Ва тІокІаб букІинаро гьеб. 22 Вай, Вавилон, тІокІаб рагІиларо дуда арфа хъвалезулги, кочІохъабазулги, щвантІих-лалу пулезулги, зурмихъабазулги макънал. Цониги махщел-гьунаралъул устарги вукІинаро тІокІав дур, дур гьабазул сасги рагІиларо тІокІаб. 23 Дур чирахъазул канлъул кунчІиги чІваларо тІокІаб, бахІарасулги бахІаралъулги накъитги рагІиларо тІокІаб. Дур базаргаби гьаб ракьалда тІад къадруял чагІи рукІиндал ва дур сихІру-хІиллаялъ тІолалго халкъалги къосинарун рукІиндал, ккела гьеб гьедин. 24 Гьеб шагьаралда тІад батана аварагзабазулги, вализабазулги ва гьаб ракьалда чІваралщиназулги бидул хІакъ».
191 Гьелдаса хадуб кІудияб руккелалъул гІадинаб гьаракьалдалъун зодисан ахІулеб рагІана дида: «Гьаллелуя! Нижер Аллагьасухъ буго хвасарлъиги, цІар-реццги, къудратги, 2 гьесул хІукму ритІухъабги хІакъабги бугелъул. ХъахІбалъиялдалъун гьаб ракь хъублъизабурай хъахІбаялъе гьес судги гьабидал! Ва Аллагьасул лагъзадерил бидухъ гьелдаса къисасги босидал!» 3 Цоги нухалъ ахІулеб рагІана: «Гьаллелуя! Гьелъул кІкІуй абадул абадиялъго эхеде ине буго!» – ян. 4 Къоло ункъавго хІакимасги ункъабго рухІчІаголъиялъги кІалагъоркье речІчІун сужда гьабуна тахида тІад гІодов чІарав Аллагьасе. Гьез абуна: «Амин! Гьаллелуя!» – ян. 5 Тах бугеб рахъалдасан цо гьаракьалъ ахІулеб рагІана: «Гьесул киналго лагъзадерица, гьесукьа хІинкъулелщиназ – гІисиназги чІахІиязги – рецц гьабе нилъер Аллагьасе!» – ян. 6 КІудияб руккелалъул гІадинаб яги кутакаб чвахелоялъул гІадинаб гьаракьалдалъун ахІулеб рагІана дида: «Гьаллелуя! Нилъер къудратав БетІергьан Аллагь парччахІ вугелъул! 7 Нилъ роха-хинлъун разиго рукІина ва гьесие рецц гьабила, КьагІрил бертадул къо тІаде щун бугелъул ва гьесул бахІарайги къачІа-кІатІан йигелъул!» 8 Гвангъараб ва бацІцІадаб тІеренаб дарайдул ретІел кьун буго гьелъие. (Гьеб дарай ккола Аллагьасул халкъалъул ритІухъал ишал.) 9 Довго малаикас дида абуна: «Хъвай: гьардарал гурелдай гьеб КьагІрил берталъе ахІарал гІадамал», – ан. Цоги гьес абуна: «Гьаб буго Аллагьасул хІакъаб рагІи!» – ян. 10 Гьесул хІатІазда цеве кІалагъоркье речІчІун, гьесие сужда гьабизехъин букІана дица. Гьес дида абуна: «Гьеб бегьуларебха! ГІисае нугІлъи гьабулел дур вацазулги дурги гьалмагъ вуго дун. Аллагьасе гьабе дуца сужда. ГІисае нугІлъи гьабиги Аллагьасул рагІудасан бачІараб бугебха!» 11 Зоб рагьун бачІун бихьана дида. Гьале хъахІаб чу; гьелда рекІун вуго РитІухъавиланги ХІакъавиланги жинде абулев, битІараб хІукмуги къотІулев, рагъдаги бергьунев чи. 12 ЦІадул мацІал гІадинал руго гьесул берал, гьесул ботІрода гІемерал тажалги руго, жиндаго гьесда гурони, лъиданиги лъалареб цІарги хъван буго гьесул надалда. 13 Гьесда буго бидулъ ччураб ретІел; гьесда цІарги – Аллагьасул рагІи. 14 ХъахІал чуяздаги рекІун, малаикзабазул боял рачІунел руго гьесда хадур. Гьезда тІад буго чІухІараб ва бацІцІадаб хъахІаб ретІел. 15 Гьесул кІалдиса къватІибе бачІунеб рагІиги релълъуна халкъаздаса бергьине хьвагІулеб рекІараб хвалченалда. Гьес гьел маххул тІилица рехъаде рачине руго. Къудратав Аллагьасул ццидалги жазаялъулги чаналъуб чагъир гьабизе цІибил мерхьина гьес. 16 Гьесул ратІлидаги хьолбодаги: «ПарччахІзабазулги ПарччахІ, тІадегІаназулги ТІадегІанав», – абун цІар хъван буго. 17 Дида вихьана бакъуда тІад чІарав малаик. Зоб бакьулъан роржун унел киналго хІанчІазде гьес ахІана: «Аллагьасул кІудияб кванде рачІа киналго цадахъ: 18 парччахІзабазулги, рагъул церехъабазулги, къо-асс бугезулги, чуязулги, гьезда рекІаразулги, киналго уздензабазулги лагъзадерилги – гІисиназулги чІахІиязулги гьан кваназе!» – ян. 19 Дида рихьана данделъун, чода рекІарасдаги гьесул боялдаги данде рагъизе къачІан, жанаварги, дуниялалъул парччахІзабиги, гьезул боялги. 20 Жанавар асирлъун ккуна, гьелдаго цадахъ ккуна, гьеб жанавар бугеб бакІалда гІаламатал рихьизарун, жинца гІадамал къосинарурав гьересиаварагги. Гьес къосинарулаан жанаваралъул гІуж лъурал ва гьелъул сураталъе сужда гьабурал гІадамал. Жанаварги гьересиаварагги чІагого рехана цІадулги чІабтІилги хІоринире. 21 Цогидал чІвана чода рекІарасул кІалдисан бачІараб хвалчаца. Ва киналго хІанчІаз гІорцІизегІан кванана гьезул гьан.
201 Дида вихьана зодисан рещтІунев цо малаик; гьесухъ букІана тІину гьечІеб кІкІалахъе бугеб нуцІил кІулги кІудияб рахасги. 2 Илбислъунги шайтІанлъунги кколеб аздагьо – некІсияб борохь, – кквезеги ккун, рахсида бухьана гьес, азарго соналъ гьелдаса борчІилареб куцалъ. 3 Азарго соналъ халкъал къосинаричІого теледухъ, нуцІаги рахан, гьелда мугьруги чІван, кІкІалахъе рехана малаикас гьеб. Цинги гьеб дагьабго заманаялъ рахсидаса бичун биччазе буго. 4 Дида рихьана тахбакІал, гьезда тІад гІодор чІун рукІана суд гьабизе тарал гІадамал. ГІисал хІакъалъулъ хабар тІибитІизабунилан ва Аллагьасул рагІи тІубазабунилан бутІрул къотІаразул рухІалги рихьана. Рихьана жанаваралъе ва гьелъул сураталъе сужда гьабичІел, жидер надалда яги кверда гІуж лъечІел гІадамалги. Гьел чІаголъун рукІана, ва гьез ГІисада цадахъ азарго соналъ парччахІлъи гьабулеб букІана. 5 Гьедин чІаголъана тІоцере гІадамал. Цогидал хварал чагІи гьеб азарго сон инегІан чІаголъичІо. 6 Гьардарал гурелдай гьел тІоцере чІаголъаразда гъорлъе ккарал гІадамал. КІиабилеб хвел гьезда хъваларо. Ва гьел лъугьина Аллагьасулги МасихІилги кашишзабилъун, ва гьесда цадахъ азарго соналъ парччахІлъи гьабила гьез. 7 Азарго сон индал, илбис туснахъалъуса къватІибе биччала. 8 Дуниялалъул ункъабго рахъалде ун, халкъал къосинарила гьелъ, гІажуж-мажужалъул боял данде ракІарун, рагъде рахъинарила. Ралъдал рагІалда салигІанги гІемер рукІина гьел. 9 ТІолабго ракь цІун букІана гьел бояз, ва гьез сверун ккуна иман лъуразул ордуги Аллагьасе хирияб шагьарги. Амма зодисан цІа бачІун рухІана гьел. 10 Гьел къосинарураб илбис рехана цІадулги чІабтІилги хІоринибе. Гьеб хІоринир абадул абадиялъго къасиги-къадги гІазаб-гІакъубаялда гьелда цадахъ рукІина жанаварги гьересиаварагги. 11 Гьебмехалда дида бихьана цІакъго кІудияб хъахІаб тах, вихьана гьелда гІодов чІаравги. Гьесдаса лъутун ана зобги ракьги, ва гьезие чІезе бакІ батичІо. 12 Ва дида рихьана хварал чагІи – гІисиналги чІахІиялги – тахида цере чІун. Рагьун лъун тІахьалги рукІана. Цоги тІехьги букІана рагьун – гІумруялъул тІехь буго гьеб. Гьел тІахьазда хъварал ишазухъ балагьун гьабулеб букІана хваразе суд. 13 Ралъдацаги кьуна жиндихъго рукІарал хварал чагІи. Хвалицаги хваразул улкаялъги кьуна жидехъго рукІарал хварал чагІи. Ва гьезул ишазухъ балагьун, щивав чиясе судги гьабуна. 14 Цинги хвелги хваразул улкаги цІадул хІоринибе рехана. Гьеб цІадул хІор ккола кІиабилеб хвел. 15 ГІумруялъул тІехьалда цІар хъван батичІел чагІи цІадул хІоринире рехана.
211 Цинги дида бихьана цІияб зобги цІияб ракьги. Цевехун букІараб зобги ракьги тІагІун буго, ралъадги гьечІо гьанже. 2 Гьединго дида бихьана мукъадасаб шагьар – зодисан Аллагьас рещтІинабулеб цІияб Иерусалим. БахІарасда аскІое уней бахІарай кинигин къачІан букІана гьеб. 3 Кутакаб гьаракьалдалъун тахидасан абулеб рагІана дида: «Гьале гІадамазулалда аскІоб бугеб Аллагьасул чадир. Гьенив гьезда цадахъ вукІине вуго Аллагь. Гьел лъугьине руго гьесул халкълъун, ва живго гьев Аллагьги гьезда аскІов вукІине вуго. 4 Аллагьас гьезул бадиса магІил щибаб горо бацІцІина, ва хвелги тІокІаб букІинаро. Цебехун букІарабщинаб лъугІун-тІагІун индал, тІокІаб букІинаро я гІоди, я унти». 5 Тахида гІодов чІарас абуна: «Гьале дица кинабго цІидасан бижизабулеб буго», – ян. Цоги гьес дида абуна: «Хъвай – хІакъал ва ритІухъал рагІаби руго гьел». 6 Гьес дида абуна: «ТІубана! Дун вуго Алипги Яги, Авалги Ахирги; къечарасе дица чІобого кьела маулхІаяталъул иццухъа лъим». 7 Бергьарасе гьеб кинабго насиблъила. Дун гьесул Аллагьлъун вукІина, гьевги дие васлъун вукІина. 8 Амма хІинкъаралги, божи-иманалдаса руссаралги, инжитлъи-хІакъирлъи гьабуралги, чІвадарухъабиги, хъахІбабиги, сихІручагІиги, гьересиаллагьзабазе гІибадат гьабуралги, киналго гьерсихъабиги унеб бакІ буго цІадулги чІабтІилги хІор. Гьеб ккола кІиабилеб хвел. 9 Ахирисеб анкьго балагьалъул цІураб анкьго щурун кодобе кьурав анкьго малаикасул цояс, аскІовеги вачІун, дида абуна: «Вилълъа, дуда дица йихьизайила КьагІрил лъадилъун лъугьине йигей бахІарай». 10 Илагьияб РухІалъ асар гьабун дида цебе чІана гьадинаб сурат. Гьале цо борхатаб магІарде вачун, малаикас дида бихьизабуна мукъадасаб шагьар – зодисан Аллагьас рещтІинабулеб Иерусалим. 11 Аллагьасул нур чІун букІана гьелда тІад; жавгьар-якъут гІадин ва бацІцІадаб яшма гІадин кенчІелеб букІана гьеб. 12 Шагьаралда сверухъ букІана кІудияб ва борхатаб къед. АнцІила кІиго кавуги букІана гьеб къадалъ. Ва гьел кавабазухъ чІун анцІила кІиго малаикги вукІана. Кавабазда хъван букІана Исраилил васаздасан лъугьараб анцІила кІиго наслуялъул цІар. 13 Бакъбаккудасахун букІана лъабго каву, севералъул рахъалдасан – лъабго, къирбалалдасахун – лъабго ва бакътІерхьул рахъалдасан лъабго каву букІана. 14 Къадал кьучІ щулалъизе гьабун букІана анцІила кІиго сангар, гьездаги хъван букІана КьагІрил анцІила кІиго чапарасул цІар. 15 Диргун накъит гьабулев вукІарасухъ букІана гьеб шагьарги, гьелъул кавабиги, къадалги рорцине меседил тІил. 16 ГІеблъиги халалъиги бащадаб, ункъбокІонаб шагьар буго гьеб. Доб тІилалъ борциндал, гьеб шагьаралъул халалъиялда гьесда батана кІиазарго километр; халалъиги, гІеблъиги, борхалъиги цого букІана. 17 Къадал борхалъиялда батана нусиялда кІикъоялда ункъо натІ. Гьедин гІадамазулго гІадаб роцадалъун борцана малаикасги гьеб. 18 Къед гьабун бугоан яшмаялъул, шагьар букІана бацІцІадаб меседил гьабураб ва цІергІанги бацІцІадаб. 19 Къадалъ бакІ-бакІалда кьочІое лъун рукІана батІи-батІиял хириял ганчІал: тІоцебесеб кьочІое – яшма, кІиабилелъе – сапфир, лъабабилелъе – халцедон, ункъабилелъе – изумруд, 20 щуабилелъе – сардоникс, анлъабилелъе – сердолик, анкьабилелъе – хризолит, микьабилелъе – берилл, ичІабилелъе – топаз, анцІабилелъе – хризопрас, анцІила цоабилелъе – гиацинт ва анцІила кІиабилеб кьочІое лъун букІана аметист. 21 АнцІила кІиябго каву – анцІила кІиго къиматаб маргъал. Щибаб каву гьабун букІана цохІо маргъалалъул. Шагьаралъул аслияб къватІ букІана цІорода гъорлъан кинигин гьоркьосан канлъи бихьулеб бацІцІадаб меседил. 22 ГІибадат гьабизе гІадамал данделъулеб бакІ цониги бихьичІо дида гьениб. Гьеб тІолабго шагьар бугелъулха Живго Къудратав БетІергьан Аллагьги КьегІерги чІараб мукъадасаб рукъ! 23 Гьеб шагьаралъе канлъи кьезе я бакъ, я моцІ хІажалъулеб букІинчІо. Аллагьасул нуралъул букІиндалха гьениб канлъи! Гьелъул чирахъ ккола КьегІер. 24 Гьеб канлъухъе хьвадизе руго халкъал; дуниялалъул парччахІзабазги жидерго бечелъи кьезе буго гьеб шагьаралъе. 25 Къад-къад гьелъул каваби киданиги къаларо, сардалги гьенир рукІинего рукІунаро. 26 Халкъазги гьеб шагьаралъе кьела жидерго бечелъиги къиматабщинабги. 27 Хъублъи киданиги лъугьине гьечІо гьенибе. Инжитабщинабги гьересиябщинабги жинца гьабулев чиги гьеб шагьаралда жаниве лъугьинаро. Лъугьина КьагІрихъ бугеб гІумруялъул тІехьалда жидер цІар хъванщинал.
221 Гьес дида бихьизабуна маулхІаяталъул лъадал гІор. БацІцІадаб цІер гІадаб гьеб гІор чвахун бачІунеб букІана Аллагьасулги КьагІрилги тахида цебесан. 2 Шагьаралъул къватІ кІийиде бикьизабун чвахулеб букІана гьеб. ГІумруялъул гъотІол – анцІила кІиго нухалъ жинца пихъ кьолеб ва щибаб моцІалъ тІад пихъги бижулеб гъотІол гІаркьалаби гІунтІун ругоан гІурул кІиябго рагІалалде. Гьеб гъотІол тІамахги халкъазе дару буго. 3 Гьеб шагьаралда тІокІаб киданиги хІарамаб жо букІинаро. Гьениб букІина Аллагьасулги КьагІрилги тах, ва жиндирго лагъзадерица гьесие хъулухъги гьабила. 4 Гьезда гьесул гьумер бихьила, ва гьезул надалдаги лъугьина гьесул цІаралъул гІуж. 5 Сордо гьениб тІокІаб киданиги букІине гьечІо; БетІергьан Аллагьас жиндирго нуралдалъун кьела гьезие канлъи, ва абадул абадиялъго парччахІлъиги гьабила гьез. 6 Гьес дида абуна: «Гьал рагІаби ритІухъал ва хІакъал руго. Илагьияб РухІ аварагзабазухъе рещтІинабулев БетІергьан Аллагьас чапар витІана кватІичІого ккезе бугебщинаб жиндирго лагъзадерида бихьизабизе». 7 «Гьале кватІичІого тІаде щвела!» – ян абуна МасихІица. Гьардарав гуревдай хадубккун лъугьине бугебилан гьаб тІехьалда хъварал рагІаби рехун течІев чи. 8 Дида – Иоаннида – бихьана ва рагІана гьеб кинабго. Гьеб бихьараб ва рагІараб мехалда дун кІалагъоркье ккана дида гьеб бихьизабурав малаикасул хІатІазда цеве. Дица гьесие сужда гьабизехъин букІана. 9 Гьес дида абуна: «Гьеб бегьуларебха! Дурги, дур вацал – аварагзабазулги, гьаб тІехьалъул рагІаби рехун течІелщиназулги гьалмагъ вуго дун. ЦохІо Аллагьасе гьабе сужда». 10 Цинги гьес абуна: «Болжал тІаде щолеб бугебин, воре, хадубккун лъугьине бугелъул хІакъалъулъ гьаб тІехьалда ругел рагІаби рахчун тоге. 11 Квешав цевего гІадин квешлъи гьабулев вукІаян абе, хъубавги хъублъи гьабулев вукІаян абе, ритІухъавги ритІухъабщинаб гьабулев вукІаян абе ва вацІцІадавги цевего гІадин бацІцІадабщинаб гьабулев вукІаян абе. 12 Гьале дун кватІичІого тІаде щвела. Дихъ буго щивасул ишазда рекъон кьезе шапакъат. 13 Дун вуго Алипги Яги, ТІоцевесевги ТІарамагъадисевги, Авалги Ахирги! 14 Гьардарал гурелдай гІумруялъул гъотІодаса пихъ кваназейилан ва шагьаралда жанире кавудухъан лъугьинейилан ретІел чурун бацІцІад гьабурал гІадамал. 15 КъватІирехун руго гьабиги, сихІручагІиги, хъахІбабиги, чІвадарухъабиги, гьересиаллагьзабазе гІибадат гьабулелщиналги, гьереси бокьулелщиналги, гьересиябщинаб жидеца гьабулелги. 16 Дица – ГІисаца – дирго чапар витІана нужехъе, – гьалъул хІакъалъулъ жамагІатазда лъазабейилан. Дун вуго Давудил кьибилги ва гьесул кьолбол васги. Дун вуго гвангъараб рогьалил цІва». 17 Илагьияб РухІалъги бахІаралъги абула: «ВачІа!» – ян. ВачІайилан абизе биччанте гьеб рагІарасги. Гьекъезе бокьарав вачІайилан абе, ва бокьанщинас маулхІаяталъул лъим чІобого босейилан абе. 18 Хадубккун лъугьине бугелъул хІакъалъулъ гьаб тІехьалда ругел рагІабазухъ гІенеккун ругезда лъазабун толеб буго – гьел рагІабазда тІаде лъицаниги щибниги жубани, гьесда тІаде Аллагьасги журала гьаб тІехьалда рехсарал балагьалги гІазабалги. 19 Хадубккун лъугьине бугелъул хІакъалъулъ гьаб тІехьалда ругел рагІабазда тІаса лъицаниги щибниги босани, Аллагьас гьесда тІасаги босила гІумруялъул гъветІалдаги мукъадасаб шагьаралдаги гьесул букІараб бутІа, – гьаб тІехьалда жиндир хІакъалъулъ рехсон бугеб бутІа. 20 Гьел рагІаби ритІухъ гьарулев МасихІица абулеб буго: «БитІараб буго. Дун хехго вачІина!» – ян. Амин! ВачІа, ТІадегІанав ГІиса! 21 Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІил баркат лъеги киназдаго! Амин!