Филиппиязухъе
11 Филиппиялда ругел киналго МасихІ ГІисаде цолъун иман лъуразде, нужер агьлуялъул бутІрузде ва церехъабазде салам буго МасихІ ГІисае хъулухъалъе чІарал Павелилги Тимофейилги. 2 Нилъер Эмен – Аллагьасулги ТІадегІанав ГІиса МасихІилги баркатги саламги лъеги нужеда. 3 Нуж ракІалде щванщинахъе дица рецц гьабула дир хирияв Аллагьасе. 4 Нужеда киназдаго гурхІагиян Аллагьасда гьарулебщинахъе дир рекІелъе рохел лъугьуна, 5 дун тІоцеве нужехъе вачІараб къоялдаса жакъалъизегІан Рохалил хабаралъе гІоло гьабулеб хІаракатчилъиялъулъ нужги гІахьаллъидал. 6 Дир ракІчІола, нужелъе лъикІлъи лъугьинабизе байбихьарав Аллагьас гьеб рагІа-ракьанде щвезабилин МасихІ ГІиса вачІараб къоялде абун. 7 Нужер хІакъалъулъ гьединаб пикру букІинарищ дир, кидаго дир рекІелъ нужеде рокьи бугелъул. Нужедаги дидаги Аллагьасул баркат лъуна дун туснахъалъув вугеб мехалъги, Рохалил хабар тІибитІизабизе къеркьон, гьеб битІараб букІин чІезабулеб мехалъги. 8 Аллагьасда лъала ГІиса МасихІил гІадинаб урхъиялдалъун дун нужехъ киназухъго чІалгІун вугеб куц. 9 - 10 Дица Аллагьасда гьарула, бищунго лъикІаб тІаса бищизе нужеда лъазе, МасихІ вачІараб къоялде нуж, хъубаб тІанкІ лъечІого, нухдаса таричІого хутІизе нужер рекІелъ рокьи цІикІкІагийилан, гІакълуги цІубайгийилан, цІодорлъиги камиллъагийилан. 11 Нужер рацІцІалъиялъул гъотІода пихъ гьарзаго бижила гьебмехалъ. Гьедин ГІиса МасихІидалъун Аллагьасул кІодолъи загьирлъила ва гІадамаз гьесие рецц гьабила. 12 Балагьея, вацал, дир гьаб ахІвал-хІалалъ дагьабги цІикІкІун квербакъи гьабуна Рохалил хабар тІибитІиялъе, 13 кІалгІаялъур ругел киналго рагъухъабаздаги ва цогидал хутІараздаги бичІчІана дида рахсал МасихІ сабаблъун ран ругеблъи. 14 Дун жанив тІами сабаблъун ккун, гІемерисел иман лъуразул тавакал цІикІкІинабуна БетІергьанас, гьединлъидал гьезги расги хІинкъичІого халкъалъухъе щвезабулеб буго Аллагьасул рагІи. 15 Гьедин бугониги, цо-цояз МасихІил хІакъалъулъ бицунеб буго жидерго жахІдаялъги хІалхъублъиялъги тІамун, цогидаз абуни, бицунеб буго лъикІлъи бокьун. 16 Гьеле гьез Рохалил хабар тІибитІизабулеб буго, рокьиялъ гьесизарун ва Рохалил хабар цІунизе тІамурав чи дун вукІинги лъан. 17 Дозин абуни гьеб гьабулеб буго квешал къасдазги диде бугеб жахІдаялъги гьесизарун – гьезда ракІалде кколеб буго туснахъалъуб дие бугеб квешлъи гьелдалъун дагьабги цІикІкІинилан. 18 Биччанте! Рихьдае букІаниги, ракІ-ракІалъ букІаниги батІалъи щиб, гьединги гьадинги ГІисал хІакъалъулъ хабар тІибитІулеб бугелъул. Дун гьелдаса вохун вуго ва вохизеги вуго. 19 Нужер гьари-дугІаялдалъунги ГІиса МасихІил РухІалъул квербакъиялдалъунги дун хвасарлъизе вукІин лъала дида. 20 Къезе цІакъ бокьун гьечІо дие, къеларилан хьулги буго. Кидаго гІадин, хасго гьанже сункьаниги хІинкъичІого дица дир тІолабго жан МасихІ кІодо гьавиялъе кьела – дун хваниги, чІаго хутІаниги. 21 Дир гІумру МасихІилъ буго, хвалилъги пайда буго дие! 22 Амма дун дуниялалда хутІани, дир хІаракатчилъиялъул хайирги буго. Лъаларо гьеб кІиялъулго кинаб дие бокьилебали. 23 Дир ракІ кІибикьун буго: гьаниса вахъун, МасихІида аскІове инеги бокьун буго, гьеб гІемерго лъикІ букІинилан ккун. 24 Амма нужее цІакъ къваригІун вугелъул, дуниялалда хутІизеги кколев вуго. 25 Нужее къваригІун вукІиналда ракІчІун бугелъул, дида лъала дун нужеда киназдаго цадахъ хутІилевлъи, нуж тІоритІизеги иманалъ нуж рохизаризеги. 26 Гьедин дун нужехъе тІадвуссараб мехалъ, нужее цоги гІилла букІина, ГІиса МасихІидеги цолъун, дун сабаблъун ккун, чІухІизе. 27 Воре, МасихІил Рохалил хабаралъ малъухъе хьваде. Дие рагІизе бокьилаан, дун гьенив вугониги гьечІониги, Рохалил хабаралда божиялъе гІоло цо хІал ккун чІун цадахъго къеркьолел ругин нужилан. 28 Тушбабаздехун кидаго бахІарчилъи бихьизабе. Гьеб гьезие буго хвалде иналъул гІаламат, нужее буго тархъанлъиялъул гІаламат. Аллагьасдасанлъидал гьеб бачІунеб бугеб! 29 МасихІидалъун нужехъе рещтІун бугелъул, гьесде иман лъей гуребги, гьеб сабаблъун нужее кьезе бугеб гІазаб-гІакъубаги. 30 Дир гІадинаб къеркьеялъулъ гІахьаллъизе руго нуж. Нужеда гьеб доб мехалъ дилъ бихьана ва гьанже дилъ бугилан рагІулебги буго.
21 МасихІиде цолъиялъ нужелъе къвакІи лъугьинабулеб бугеб батани, гьесул рокьиялъ нужер ракІбатизабулебги бугони, Илагьияб РухІалдалъун нуж цолъунги ратани, нужер курмузулъ цоцаздехун гурхІел-рахІмуги бижун батани, 2 дун гьелдаса цІакъ вохилаан. Гьединлъидал дие бокьилаан нужер цого къасдги, цого рокьиги, цого рухІги букІине, нужеца цого пикрабиги гьаризе. 3 Дун лъикІав-тІокІавилан цояв, дун жеги лъикІавилан цогидав лъугьунге. Нужго гІодорегІан гьарун, цогидал нужедаса лъикІаллъун рикІкІе. 4 ЦохІо дурго мунагьаб напсалъе гІоло квалквадичІого, цогидазе гІологи квалкваде. 5 МасихІ ГІисалъ букІараб гІадинаб пикру букІа абе нужелъги. 6 Аллагьлъи жиндилъ бугониги, Аллагьасда ващалъизе хІаракат бахъичІо гьес. 7 Живго гьитІинлъизавуна, – лагъасул даражаялда чІана. Инсанасда релълъун вижарав ва инсанасул сурат жиндилъ лъугьарав 8 гьес живго гІодовегІанлъизавуна хвалиде гІунтІунгицин. Хъанчида вараб хвел босизеги мутІигІлъана гьев. 9 Гьединлъидал Аллагьас гьев тІадегІанлъизавуна, цогидазулалдаса тІадегІанаб кьуна гьесие цІарги. 10 ГІисал цІаралда цебе наку чІван сужда гьабила зодор ругезги, ракьалда ругезги ва гъоркьадуниялалда ругезги. 11 ГІиса МасихІ ТІадегІанав вукІин чІезабун, щибаб мацІалда кІалъалез рецц гьабила нилъер Эмен – Аллагьасе. 12 Гьале, дир хириял, дун гьенив вугеб мехалъ нуж дие мукІурал рукІиндал, дун гьениса индалги дагьабги цІикІкІараб мукІурлъигун ва Аллагьасукьа хІинкъун хІалтІе нужго хвасарлъиялъе гІоло. 13 Жиндаго лъикІ бихьухъе рижизарула Аллагьас нужелъ нужер къасдалги ишалги. 14 - 15 Гьаб мекъаб-тІекъаб наслуялда гьоркьоб нужеца абадияб гІумруялъул хІакъалъулъ хабар тІибитІизабулеб бугеб мехалда, зигардичІого ва дагІбадичІого тІуразаре нужер киналго ишал, бецІаб сардилъ цІваби гІадин, нужго кенчІезе, мунагь-хІакъ гьечІеллъунги, гІайиб-хатІа гьечІеллъунги, Аллагьасул рацІцІадал лъималлъунги нужго лъугьине. 16 Гьедин гьабуни, МасихІ вачІараб къоялъ дун нужедаса чІухІила, векерун чІалде щвезе бахъараб дир хІаракат ва захІмат гІадада ккечІилан. 17 Хирияб бакІалда лъураб хъабиниса чагъир гІадин, дир би нужер божи-иман сабаблъун гІодобе тІолеб бугониги, дун вохун вуго, нуж киназдаго цадахъ вохун вуго дун. 18 Нужги роха, дида цадахъ роха нужги! 19 Дир хьул буго ТІадегІанав ГІисал цІобалдалъун кватІичІого нужехъе Тимофей витІизе, нужер рахъалъ гьесдасан цІияб хабарги лъан, дирги ракІ тирхизе. 20 ГьевгІан диргун хІал бащадав чи цониги гьечІо. РакІ-ракІалъго нужер киналго ишазе кумекалъе хІадурав чиги вуго гьев. 21 Цогидазин абуни, МасихІ ГІисаесеб гуреб, жидеегосеб балагьула. 22 Нужеда лъала гьев кьучІав чи вугевлъи ва Рохалил хабаралъе гІоло гьев дида цадахъ, инсуда цадахъ вас гІадин, хІалтІаравлъиги. 23 Гьединлъидал, дир иш кин ккелебали лъарабго, гьев нужехъе витІизе хьул буго дир. 24 ТІадегІанас дир ракІчІезабулеб буго кватІичІого нужехъе вачІине диеги рес ккелилан. 25 Цинги хІукму ккана гьанив дида цадахъ хІалтІарав ва къеркьарав диналъул вац, дие хІажалъулеб хъулухъалъе нужеца витІун вачІун вукІарав Эпафродит тІадвуссун нужехъе витІизе. 26 Кутакалда нужеде ракІ щун вуго гьев, жив унтун вукІин нужеда лъан бугилан цІакъ къваридгоги вуго. 27 ХІакъикъаталдаги хвалде ккун унтун вукІана Эпафродит, амма Аллагь гьесда гурхІана, гьесда гуревги, дидаги гурхІана, – къварилъиялда тІадеги къварилъи биччачІо Аллагьас диде. 28 Гьединлъидалин гьев тІадвуссун витІизе хІукму гьабизе дун гІедегІарав: нахъеги гьев вихьун нужер рекІелъ рохелги цІикІкІина, дир рекІел къварилъиги чучила. 29 БетІергьанас витІарав чи гІадин рохун къабул гьаве нужеца гьев. Гьединал гІадамазул хІурматги гьабе, 30 щайгурелъул МасихІил ишалъе гІоло рухІ кьезе хІадурго хвалде гІагарлъун вукІана гьев, дие хъулухъ гьабизе гьечІеб нужер рес бецІизе бокьун.
31 Гьанже, вацал, ТІадегІанасде цолъун, рекІелъ рохел цІикІкІаги нужер. Цого жо гІемер бицине диени захІмалъиларо, амма нужер рекІелъ гьеб дагьабги щулалъизе бокьун буго. 2 Воре, гьел гьабзаздаса цІуне нужго, квешлъи гьабулездасаги цІуне, инсанасул лага къотІун рехулездасаги цІуне! 3 Нилъецайин унго-унгояб сунат цІунулеб бугеб, – Илагьияб РухІалдалъун Аллагьасе гІибадат гьабулеб бугелъул нилъеца, МасихІ ГІисадалъун нилъ чІухІунги ругелъул ва тІасан бихьулелъул хІакъалъулъ гІадатазде мугъ чІвалебги гьечІелъул. 4 Гьел гІадатазде мугъ чІвазе лъиданиги ракІалде ккун батани, цогидазеялдасаги цІикІкІун гьелъие ихтияр бугеб дир! 5 Микьабилеб къоялъ сунатги гьабураб дие, Исраилил халкъалъулги вугев дун, Буняминил наслуялъулги вугев, жугьутІаздаса жугьутІавги вугев. Къануназул рахъ босани, фарисеязул мазгьабалъулги вукІарав дун, 6 иман лъуразул агьлуялъе гІазаб-гІакъуба кьезе цІакъго хІаракатги бахъулеб букІараб дица. Къанунал тІуразарурав чи Аллагьас ритІухъавлъун рикІкІунев вукІаравани, гьеб рахъалъги дун камиллъун вукІана. 7 Амма дие тІокІлъи-хайирлъун букІарабщинаб зарал-зиянлъун рикІкІуна дица гьанже, МасихІиде иман лъун хадуб. 8 Гьебали щиб гурин, хІатта кина-щинабгоцин зарал-зиянлъун рикІкІуна дица, дир ТІадегІанав МасихІ ГІиса дидаго вичІчІун лъаялъул тІокІлъи-хайиралда данде ккуни. МасихІ диего хайирлъизе ва гьесуллъун лъугьине бокьун, кинабго рехун тана дица, – рищни-къуллъун рикІкІуна дица гьеб кинабго. 9 Къануналда нахъвилълъун дие щвезе букІаралдалъун гуреб, гьесде иман лъеялдалъун рикІкІана Аллагьас дун жиндие ритІухъав чилъун. Инсанасул божи-иманалъухъ балагьун гьабула Аллагьас гьедин. 10 Дир цохІо мурад буго: МасихІги гьев хваралъуса вахъинавурав Аллагьги лъазе, МасихІил гІазаб-гІакъубаги диего гІахьал гьабизе, хвалилъги гьесда релълъине! 11 Дирги хьул бугелъулха хваралъуса вахъине! 12 Шапакъатги щун бугин ва тІубанго вацІцІалъунги вугин абизе бокьун гьечІо дие. Амма дун чІалде къавукъунев вуго, МасихІ ГІиса дидаса бергьарав гІадин, бергьине бокьун. 13 Дие бергьенлъи щун бугилан абизе кІоларо, вацал, дида. Дица абила, нахъехун хутІарабги кІочене тун, дун цевехун къавукъунев вугин, 14 чІалде цеве кІанцІулев вугин, бергьенлъиялъул шапакъат щвезе бокьун бугин. МасихІ ГІисадалъун дун Аллагьас зобалазде ахІулев вуго гьеб шапакъат босизе. 15 Гьединаб пикру букІине ккола киналго нилъер иман камиллъарал гІадамазул. Гьелдаса батІияб пикру нужер бугеб батани, Аллагьас бихьизабила нужеда кинаб пикру битІараб бугебали. 16 Амма гьанжелъагІан нилъее щварабги щулаго ккун хьвадизе ккола нилъ. 17 Дидасан мисал босе, вацал, ва нижедасан мисал босун хьвадулезухъги ралагье. 18 ГІемерисел хьвадулел ругелъулха МасихІил хъанчил тушбаби гІадин. Гьелъул хІакъалъулъ дица нужеда гІемер бицун букІана ва гІодилаго гьанжеги бицунеб буго. 19 Гьезул ахир – жужахІ буго, гьезул «аллагь» – чехь буго. Гьел чІухІулел руго жидерго инжитлъиялдаса. Дуниялалъул гурони пикру гьабуларо гьез. 20 Амма нилъер ватІан зобалазда буго. Нилъ хвасар гьарулев ТІадегІанав ГІиса МасихІ гьенисан вачІиналъухъ урхъун руго нилъ. 21 Гьес нилъер загІипаб ва хвалие мутІигІлъулеб черх хиса-сверизабила. Киналдаго тІад кверщел гьабизе гьесие кьураб къудраталдалъун МасихІица гьеб релълъинабила Аллагьас машгьурлъизабураб жиндирго черхалда.
41 Гьанже, дир хириял ва урхъарал вацал, дир рохелги чІухІиги руго нуж. ТІадегІанав ГІисал нухдаса кьуруге, хириял! 2 Эводиядаги гьарулеб буго дица, Синтихиядаги гьарулеб буго, ТІадегІанасе гІоло, рагІи данде ккезабейилан, яцал гІадин рукІайилан. 3 Дида цадахъ цо рукьалда ван вукІарав чи вугелъул, дудаги гьарулеб буго гьел рекъезаризе квербакъейилан. Клементица ва ГІумруялъул ТІехьалда жал рехсон ругел цогидал гІадамазго гІадин, гьей кІиялъгоги хІаракат бахъана дида цадахъ Рохалил хабар тІибитІизабизе. 4 ТІадегІанасде нуж цолъун рукІиналдаса роха кидаго! Цоги нухалъ абулеб буго: роха нуж гьелдаса! 5 Нужер сабруяб хІеренлъи киналго гІадамазда лъазе биччанте. ТІадегІанав нужеда аскІов вуго. 6 Сундулниги ургъел гьабуге. Аллагьасе рецц гьабун, нужеца гьаре, сунде хІажалъи нужер рекІелъ бижун бугебали дугІадулъ загьир гьабун. 7 Аллагьасдасан рещтІунеб ва гІадамасул гІакълу хадуб гІунтІуларебгІан тІадегІанаб хІалхьи-парахалъи лъугьина нужер ракІазулъе. МасихІ ГІисал нухдаса таруларедухъ цІунила гьелъ нужер ракІалги пикрабиги. 8 Ахиралдаги, вацал, нужер рекІелъ рукІине риччанте хІакъабщиналъулги, къадруябщиналъулги, ритІухъабщиналъулги, бацІцІадабщиналъулги, гьайбатабщиналъулги, мустахІикъабщиналъулги, – кинабго лъикІабщиналъул ва беццизе рекъарабщиналъул пикраби. 9 Дидасан нужго ругьунлъарабги, нужеда лъарабги, рагІарабги, бихьарабги гьабе нужеца. Ракълиде рачунев Аллагь вукІина нужеда цадахъ. 10 ГІемераб заманаялдасан нужеда нахъеги ракІалде щведал, ТІадегІанасде цолъун, кутакалда вохана дун. Дие кумек гьабизе рес ккечІолъи гурони, гьанжелъагІанги нужеда кІочон тун вукІинчІевлъи лъала дида. 11 Сундениги хІажат вукІун гуро дица гьедин абулеб бугеб, – кинаб ахІвал-хІалалде кканиги, гьелдаса ракІ разилъизе ругьунлъун вуго дун. 12 Мискинлъиги бихьана дида, бечелъиги бихьана. ГІорцІиялдаги ракъиялдаги ва гьарзалъиялдаги гьечІолъиялдаги гъорлъ ччун вахъарав чи вуго дун. 13 Кинабго хІехьезе къуват кьуна ТІадегІанас дие. 14 Кин бугониги, гьаб къварилъиялда вугев дие нужеца кумек гьаби лъикІ ккана. 15 Нужеда – Филиппиялъул гІадамазда – лъикІго лъала, Македониялдаса араб мехалъ, цохІо нужедасан гурони, иман лъуразул цогидаб агьлуялдасан дие хайирги заралги букІинчІеблъи. Гьеб букІана Рохалил хабар тІибитІизабизе байбихьараб заман. 16 Фессалоникаялда дун къваридго вугеб мехалдаги чанги кумек гьабуна нужеца дие. 17 Лъилниги сайигъат бокьун гуро гьадин абулеб бугеб, нужее гьелъул кири щвезе бокьунин! 18 Нужеца Эпафродитихъ битІун бачІарабги кинабго щвана дихъе. Гьанже кинабго гІунги тІокІ буго дир. Биччанте нужер рахъалдасан гьеб букІине Аллагь разилъулеб къурбанлъун, махІ гьуинаб кьеккенлъун. 19 Жиндирго гьарзаяб хазинаялдасан къваригІанщинаб кьеги дир хирияв Аллагьас нужее, гьелдалъун МасихІ ГІиса кІодолъи загьирлъизе. 20 Абадул абадиялъго рецц буго нилъер Эмен – Аллагьасе! Амин! 21 Салам бице МасихІ ГІисаде цолъун рацІцІалъарал киназдаго. Гьанир дида аскІор ругел диналъул вацазул салам буго нужеде. 22 Нужеде салам буго киналго рацІцІалъаразул, хасго къайсарасул кІалгІаялъур ругезул. 23 ТІадегІанав ГІиса МасихІил баркат лъеги нужер гІумруялда!