Марк

1

1 Аллагьасул вас ГІиса МасихІил хІакъалъулъ Рохалил хабар гьадин байбихьулеб буго. 2 Ишая аварагасул тІехьалда ругел Аллагьасул рагІаби ритІухълъана: «Гьале, мун вачІиналде дуе нух къачІазе дирго илчи вуго дица цеве витІулев»; 3 «Цо ахІи буго авлахъалда рагІулеб: – БетІергьанасе нух къачІай, битІизабе гьесда цебе шагьра!» 4 Гьедин вачІана ЯхІя авараг авлахъалде. Нужерго мунагьал чуризе гІоло, кантІун Аллагьасде руссаян ва лъадалъ ччун рахъаян лъазабулеб букІана гьес. 5 Гьесухъе бачІунеб букІана Ягьудиялъул улка-ракьалъулги Иерусалималъулги тІолабго халкъ. Жидерго мунагьал рехсон хадуб, Аллагьасде руссун, гьезул мунагьал чуризе Иордан гІурул лъадалъ ччун рахъулаан ЯхІяца гІадамал. 6 РетІунеб ретІелги ЯхІял варанидул квасул букІана, рачлихъ борчунги букІана хьвацІил рачел. Гьес кваналеб жоги букІана гарцІги гІалхул гьоцІоги. 7 Гьес гІадамазда лъазабулеб букІана: – Дида хадувго вачІунев вуго дидаса гІемерго къудрат цІикІкІарав. ГІодове къулун гьесул хьитил рухьен бичизецин мустахІикъав гьечІо дун. 8 Лъадалъ ччун рахъун, рацІцІад гьаруна дица нуж. Гьес нуж рацІцІад гьарила Илагьияб РухІалдалъун. 9 Гьел къоязда Галилеялъул Назарет шагьаралдаса гьениве вачІарав ГІисаги Иордан гІурул лъадалъ ччун вахъана ЯхІяца. 10 ГІиса лъадалъа къватІиве лъугьунаго, бихьана гьеб лахІзаталда, зобалги кІирикьизарун, Илагьияб РухІ, миккидул сураталда боржун бачІун, гьесухъе рещтІунеб. 11 Цинги гьаракьги рагІана зобалаздасан: – Мун вуго дие вокьулев дир Вас! Дудаса вохун вуго дун! 12 ГьебсагІат гьеб РухІалъ ГІиса гІицІаб авлахъалде ине гьесизавула. 13 Гьеб авлахъалда кІикъого къо бана ГІисаца. Илбисалъги хІалбихьана гьениб гьев къосинавизе кІоларищали. Гьенив гІалхул жанаваразда гьоркьовги вукІана ГІиса. Малаикзабиги рукІана гьенир ГІисае хъулухъалъе. 14 ЯхІя авараг гвандинив тІамун хадув Галилеялде уна ГІиса. Гьес гьениб лъазабула Аллагьасдасан Рохалил хабар. 15 Гьес абулеб букІана: – Болжал щвана! Аллагьасул ПарччахІлъи тІаде гІунтІун буго! Нуж кантІе, Аллагьасде русса! Гьеб Рохалил хабаралде иманги лъе! 16 Галилеялъул ралъдал рагІалдасан унаго, ГІисада рихьана ччугІие гьин рехулел Симонги гьесулго вац Андрейги. Гьел рукІана ччугІихъаби. 17 – Дида цадахъ рилълъа, – ян абуна гьезда ГІисаца. – Дица нуж лъугьинарила гІадамал кколел ччугІихъабилъун. 18 Гьенибго гьинги тун, гьебсагІат гьел ГІисада цадахъ уна. 19 Гьениса гІемерго рикІкІалъилалде, ГІисада рихьана Зебедайил вас Якъубги гьесулго вац Иоаннги. ЧчугІа кквезе гьин къачІалел рукІана гьелги росода тІад. 20 Гьездеги ахІана ГІисаца, жинда цадахъ рилълъаян. Жидерго эмен Зебедайги гьесул хІалтІухъабиги росонир тун, гьев кІиявгоги ана ГІисада цадахъ. 21 Цинги гьел щвана Капернаум шагьаралде. Шамат къо тІаде щварабго, синагогаялъувеги вачІун, гьениб гІадамазе вагІза гьабизе лъугьана ГІиса. 22 ГІисал вагІзаялъ хІикмалъизарун рукІана гьел. Диниял гІалимзабаз гІадин гуреб, цо хІалкІолъи жиндилъ бугев чияс гІадин малъулеб букІана гьес. 23 Синагогаялъуве лъугьун вачІана хъубаб женалъ ккурав цо чи. Гьев ахІдезе лъугьана: 24 – Нижедасан дуе къваригІараб щиб, Назареталдаса ГІиса! Ниж гъуризейищ мун вачІун вугев! Дида лъала мун щивали. Илагьияв чи вуго мун! Аллагьас витІун вуго мун! 25 Амма ГІисаца жен чІезабуна: – КІал къай дуца! Нахъе а мун гьесул чорхолъа! 26 Гьев чиясул нусабго лага сородизабуна шайтІаналъ. Цинги гІасияб гьаракьги гьабун, лъутун ана гьеб гьесул чорхолъа. 27 Гьелда гІажаиблъун-хІикмалъун хутІана гІадамал. Гьез цоцазда гьикъулеб букІана: – Гьабго щиб хІикмат? ЦІияб гІелмуцинищ гьаб? Хъубал жундузецин амру гьабизе кІолеб къудрат кинаб, гьесул амруялъе мутІигІлъулел жундулги кинал? 28 ТІолабго Галилеялда хехго тІибитІун ана ГІисал хІакъалъулъ хабар. 29 ГьебсагІат синагогаялъуса къватІиве вахъун, цадахъ Якъубги Иоаннги рачун, гьев ана Симонилги Андрейилги бакІалде. 30 ЦІа-каналъул унтуца бусаде ккун ятана Симонил якьад. ГьебсагІат ГІисада бицуна гьей унтун йигилан. 31 АскІове ун, ГІисаца гьей, кверги ккун, йорхизаюла. ЦІа-канги ун, якьад гьазие квен-тІехалда квалквадизе лъугьуна. 32 Бакъ тІерхьун, маркІачІубер рукІкІарабго, киналго унтаралги хъубал жундуз ккуралги рачІана ГІисахъе рачун. 33 ТІолабго шагьар бакІарун букІана гьеб сордоялъ Симонил кавудахъе. 34 ГІисаца сах гьаруна батІи-батІияб гІузруялъ унтарал гІемерал гІадамал. Чанги чиясул чорхолъа бачахъана хъубаб жен. Гьес хъубал жундул кІалъазе риччалароан, гьезда лъалеб букІиндалха гьев щивали. 35 Нахъисеб къоялъ хъахІлъи барабго тІадеги вахъун, ГІисаца нух босана гІадан-чи гьечІеб бакІалде ва гьенив Аллагьасе гьари-дугІаялде вуссун чІана. 36 Гьесул лъалкІда хадур рахъарал Симонидаги гьасда цадахъ рукІараздаги ватана ГІиса. 37 ГІисада гьез абуна киналго мун валагьулел ругилан. 38 ГІисаца гьезда абуна: – Рилълъа сверухъ ругел росабалъе ва шагьаразде, гьенибги халкъалъе Рохалил хабар бицине ккола дица. Гьелъие гІололъидалха дун гьаниве вачІарав. 39 ТІолабго Галилеялъул ракьалде щун, синагогабазде ун, гІадамазе вагІза гьабуна гьес ва чангиязул чурхдулъа жундул рачахъана. 40 Барасалъ унтарав цо чи вачІана ГІисахъе ва накабазда чІун гьардезе лъугьана: – Дуе бокьани, дуда кІолаха дун вацІцІалъизавизе! 41 Гьесда гурхІун ГІисаца, гІебеде битІун квер хъвана гьесда. Цинги абуна: – Дие бокьун буго мун вацІцІалъизе. ВацІцІалъе мун! 42 ТІад букІараб чанхъги гъенон ун, гьебсагІат вацІцІалъана гьев чи. 43 - 44 Нахъе витІулаго, ГІисаца гьесда лъазабуна: – Вореха, дуца лъиданиги бицунге гьаб хІалтІи! Мусал къануналда рекъон, мунго вацІцІалъун вукІин гІадамазда лъазе, кашишасухъеги ун, гьесда дурго черх бихьизабе ва мунго вацІцІалъаралъухъ къурбанги хъвезабе. 45 Амма гьениса нахъе аравго, гьев чи лъугьана ккараб иш киназего гьурщизе. Гьединлъидал ГІисада кІвечІо тІатун шагьаралде вачІине, гІадан-чи гьечІеб бакІалда вахча-хьван чІезе ккана. Амма киса-кисагоги гІемераб халкъ бачІунаан гьесухъе.

2

1 Чанго къоялдасан ГІиса нахъеги Капернаумалде вачІана. ГьебсагІат гІадамазда лъана гьев рокъове тІадвуссун вукІин. 2 Гьесухъе бачІараб халкъалъул гІемерлъиялъ нуцІикІалтІацин хутІун букІинчІо гІадамазе чІезе бакІ. Гьезие Рохалил хабар бицунев вукІана ГІиса. 3 Гьебмехалъ ункъояс восун гьениве вачІана палижалъ ккурав цо чи. 4 КІалтІе ракІарун рукІарал гІадамазул гІемерлъиялъ ГІисада аскІове восизе санагІат ккечІелъул, гьев вугеб рукъалъул тІохги бичун, гьениса гъоркье биччазе ккана унтарав тІад лъураб турут. 5 Гьел гІадамазул божи бихьун, ГІисаца унтарасда абуна: – Мунагьаздаса вацІцІалъана, дир вас, мун! 6 Гьенир гІодор чІун рукІарал цо-цо диниял гІалимзабаз пикру гьабуна: 7 «Аллагьасде гІасилъунцин гурищ гьав вугев? ГІицІго Аллагьасда гурони, лъида кІолеб инсанасул мунагь чуризе?» 8 ГІисада гьебсагІат лъана жиндир хІакъалъулъ гьезул гьединал пикраби рукІин. Гьездехун вуссун, ГІисаца абуна: – Щай нужеца нужерго рекІелъе гьединал пикраби риччалел? 9 Кинаб бигьаяб: унтарасда «Мун мунагьаздаса вацІцІалъанилан» абизейищ, яги «ТІаде вахъун, дурго турутги босун, вилълъанхъейилан» абизейищ? 10 Амма нужеда лъан букІа: ГІадамил Лъимадул ихтияр буго гьаб ракьалда гІадамазул мунагьал тІасалъугьун тезе, – янги абун, ГІиса унтарасдехун вуссана: – 11 Дица дуда абулеб буго: тІаде вахъа, дурго турутги босун, рокъове а! 12 Ралагьун гІадамалгун гьев чи гьебсагІат тІаде вахъуна, жиндирго турутги босун, къватІиве уна. Киназго хІикмалъун Аллагьасе рецц гьабуна. Гьез абулеб букІана гьадинаб иш киданиги бихьичІилан. 13 Гьениса къватІиве вахъун, ГІиса нахъеги Галилеялъул ралъдахъе ана. Гьенибеги тІолабго халкъ бачІана гьесда хадуб. ГІисаца гьезиеги гьабуна вагІза-насихІат. 14 Нухлул хІакъ бакІарулеб бакІалда гІодов чІун вихьарав Алфейил Левий абулев гьеб ишалъе тІамурав чиясда цевесан унаго, ГІисаца гьесда абула: – Дида цадахъ вилълъа, – ян. Вахъун ГІисада цадахъ уна гьевги. 15 Гьале Левийил бакІалда кваналев вукІана ГІиса. Гьесда ва гьесул муридазда цадахъ гІодор чІун кваналел рукІана гІемерал магъало бакІарулел чагІи ва цогидабги мунагь-хІакъалъул агьлу. ГІисада цадахъ ругезда гъорлъ гІемер рукІана гьеб тайпаялъул гІадамал. 16 ГІисада аскІор гІодор чІун кваналел гьел рихьидал, фарисеязул диниял гІалимзабаз гьесул муридазда абулаан: – Магъало бакІарулел чагІаздаги цогидаб мунагь-хІакъалъул агьлуялдаги цадахъ квана-гьекъон вукІине бегьилищ гьав? 17 Гьеб рагІун, ГІисаца гьезда абуна: – Сахазе гурев тохтир хІажалъулев, унтаразейин. Аллагьасде руссине муъминзаби ахІизе гуро дунги вачІун вугев, мунапикъзаби ахІизейин. 18 ЯхІял муридазги фарисеязги кІал ккураб заман букІана гьеб. АскІоре рачІун гІадамаз ГІисада гьикъана: – ЯхІял муридалги фарисеязулалги кІал ккун ругеб мехалъ, гьал дур муридаз щай кІал кколареб? – абун. 19 ГІисаца гьезда абуна: – БахІарав аскІов вугебгІан мехалъ, гьес берталъе ахІарал гьудулзаби квана-гьекъечІого кІал ккундайха рукІинел? БахІарав аскІов вугебгІан мехалъ гьез кІал кквезе бегьуларо. 20 РачІина бахІарав гьезухъа вахъун арал къоялги, гьеле гьел къояз кквела гьез кІалги. 21 Лъицаниги баларо басрияб ратІлида цІияб рукъи: цІияб букъулаго басрияб бихъун ина, каратІги дагьабги кІодолъила. 22 Лъицаниги тІоларо басрияб рахълъеналъубе цІияб чагъирги. Гьелъ рахълъен багьизабула, гьебмехалъ чагъирги рахълъенги хола. ЦІияб чагъир тІезе ккола цІияб рахълъеналъубе. 23 Пуланаб шамат къоялъ ГІиса унев вукІана цо хурзабахъан. Гьенисан унаго, ролъул тІорал ретІизе лъугьана гьесул муридал. 24 Гьебмехалъ фарисеяз ГІисада абуна: – Балагье шамат къоялъ гъоз гьабулеб бугеб жо: Мусал къануналъ гьабизе гьукъараб иш гьабулеб буго. 25 ГІисаца гьезда абуна: – Унго, киданиги цІаличІебищ нужеца, живгоги цадахъ рукІаралги рес къотІун, ракъун хутІидал, Давудица щиб гьабурабали? 26 Бищунго кІудияв кашишлъун Абиатар вугеб заманаялда, Аллагьасул рокъове жанивеги лъугьун, гьениса босун Давудица жинцагоги кванан буго, цадахъ рукІаразеги кьун буго гІицІго кашишзабаз гурони кваназе гьукъараб чед. 27 Цинги ГІисаца гьезда абуна: – ГІадамал шамат къоялъе гІоло гуро рижун ругел, шамат къо гІадамазе гІоло бижун буго. 28 Гьединлъидалин шамат къоялъулги ихтияр ГІадамил Лъимадухъ бугеб.

3

1 Цоги нухалъ синагогаялъуве вачІиндал, ГІисада гьенив ватана цояб квер бакъварав чи. 2 ГІисада хадуб хал ккурал гІадамалги рукІана, гьес гьев чи сахлъизавуни, шамат къоялъ гьабураб хІалтІийилан, гьесде гІайиб гІунтІизабизе бокьун. 3 Квер бакъварав чиясда ГІисаца абуна: – ТІаде вахъун, рукъ бакьулъе вачІа! – ян. 4 Гьел гІадамаздехун вуссун, ГІисаца гьикъана: – Шамат къоялъ лъикІлъи гьукъун бугебищ, квешлъи гьабизе изну бугебищ? Чиясул рухІ хвасар гьабизейищ кколеб, яги гьев хвезавизейищ кколев? Гьел руцІцІун чІана. 5 Цо ццидалаб берги гьезда речІчІизабун, гьезул ракІазул согІлъиялдаса пашманлъарав ГІисаца дов чиясда абуна: – Квер гІебеде битІе, – ян. Гьесги квер гІебеде битІула, гьебсагІат гьебги сахлъула. 6 Гьебмехалъ синагогаялъуса къватІире рахъаралго, фарисеялги гьеродилалги данделъула ГІиса киндай тІагІинавилаян тадбиралъе ургъизе. 7 - 8 ГІиса жиндирго муридалгун цадахъ Галилеялъул ралъдал рагІалде ана. Гьесда цадахъ добе багъарана Галилеялъул халкъалъул кІудияб руккел. Ягьудиялдасаги, Иерусалималдасаги, Идумеялдасаги ва Иордан гІурул доб рахъалдасаги гІемераб гІалам бачІана гьенибе, ГІисал хІалкІолъиялъул хабар рагІун. Тиралъул ва Сидоналъул ракьалдаса рачІаразулги чІахІиял руккалаби гІуна гьенир. 9 Гьениб муридазда гьес тІадкъана жив тІаде вахине раса хІадур гьабеян: гІадамазул гІемерлъиялъ, гьел тІаде къан рачІине гурилан хІинкъун вукІана гьев. 10 ГІемерал унтарал гІадамал сах гьарун рукІана ГІисаца, гьединлъидал черхалда унти-гІузру бугел чагІи гІедегІулел рукІана гьесухъе, гьесда цо квергІаги хъвазе щвелародаян. 11 ГІиса вихьараб мехалъ, хъубал жундуз ккурал чагІи гьесда цере накабазда чІолаан ва ахІдолаан, мун Аллагьасул Вас кколилан. 12 Амма ГІисаца жундузда лъазабулаан жив щивали бицунгейилан. 13 Гьале ГІиса магІарде вахана. Гьес гьенире ахІана жиндиего рокьарал муридал. Гьелги ГІисада аскІоре ана. 14 Гьес анцІила кІигояв чапарзабилъун гьаруна, жиндаго цадахъ рукІинеги, Рохалил хабар лъазабизе ритІизеги, 15 гІадамазул чорхолъа жундул рачахъулеб къудрат кьезеги. 16 Гьел рукІана: ГІисаца Пётр абун тІокІцІар жиндие кьурав Симон, 17 Зебедайил вас Якъуб, гьев Якъубилго вац Иоанн (гьев кІиясего ГІисаца кьун букІана Боанергес абураб цІар – гьебги ккола «Гъугъадиялъул васал» абураб магІнаялъул рагІи), 18 Андрей, Филипп, Бартоломей, Матфей, Фома, Алфейил вас Якъуб, Фаддей, Симон КІанъанаъ, 19 хадув ГІисае хилиплъарав Ягьуда Искариотги. 20 ГІиса тІадвуссун рокъове щвана. Нахъеги гьенибе бакІарараб халкъалъул гІемерлъиялъ, ГІисаеги гьесул муридазеги санагІалъи ккечІо гІодорчІун чадил мочІу кІалдиб лъезе. 21 Гьев вуссун вукІин лъан, гьесул бетІер сверун бугилан абулебги рагІун, ГІисал цебесеб гІагарлъиялъул чагІи рачІана гьев нахъе вачине. 22 Иерусалималдаса рачІарал диниял гІалимзабазни абулеб букІана жундузул хан вугин ГІисал чорхолъе лъугьун, ва гьеле гьев жундузул ханас кумек гьабулеб бугин гьесие жундул рачахъизеян. 23 Гьебмехалъ аскІореги ахІун, ГІисаца гьезда, мисал бачун, бицана: – Кин кІолеб илбисалда жибго бачахъизе? 24 Цо пуланаб ханлъиялда жаниб кьал ккани, гьеб ханлъи биххичІого хутІуларо. 25 Цо хъизаналда жаниб кьал ккани, гьеб хъизанги биххичІого хутІуларо. 26 Гьединго илбисги жибго жиндаго дандечІун кьалда бугони, гьеб къечІого хутІуларо. Гьелъул иш лъугІулагури гьебмехалъ. 27 Цо къуватав чиясул рокъове лъугьун, гьесул боцІи-рикъзи бикъизе кІоларо, цин гьев вухь-вухьун рехун хадуб гурони. Гьебмехалъ кІвела гьесул рукъ бикъизе. 28 ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: гІадамазул киналниги мунагьал ва кигІан кІудиял рукІаниги гьесда лъурал бугьтанал тІасалъугьун тезе руго БетІергьанас. 29 Амма Илагьияб РухІалда бугьтан лъурав чиясе тІасалъугьин киданиги букІине гьечІо. Абадиялъги тІаса ккеларо гьесдаса гьеб мунагь. 30 (ГІисаца гьедин абуна, гьез абулеб букІиндал гьев жундуз ккун вугилан.) 31 Цинги ГІисахъе рачІуна гьесул эбелги вацалги. Дора къватІир жалгоги чІун, гьев ахІизе чи витІула гьез. 32 ГІемерал гІадамал рукІана гьебмехалъ ГІисада аскІор. Гьесда абуна: – Доле дора къватІир духъ ралагьун чІун руго дур эбелги вацалги. Мун цІехон рачІун руго дол. 33 ГІисаца гьезда абуна: – Эбеллъун щий дие кколей ва вацаллъунги щал кколел? 34 Цинги жинда сверухъ гІодор чІун ругезухъ берги тІамун, ГІисаца абуна: – Гьале дир эбелги дир вацалги. 35 Щайгурелъул Аллагьасул амру-нагью тІубазе гьабулев чи щив вукІаниги, гьев ккола дие вацги, яцги, эбелги.

4

1 Нахъеги ралъдал рагІалда гІадамазе вагІза-насихІат гьабизе лъугьана ГІиса. ГІемераб халкъ бакІарун букІана гьесухъе. Гьединлъидал, ралъдалъ бугеб росодеги вахун, гьенив гІодов чІун вукІана гьев. ТІолабго халкъин абуни ралъдал рагІалда эхетун букІана. 2 ГІемераб хабар бицана гьезие ГІисаца, батІи-батІиял мисалалги рачана. 3 – ГІенеккея: хуриб хьон хьазе вахъун вукІанила цо чи. 4 Хьалаго-хьалаго цо-цо мугьал нухде рортанила, роржун рачІун хІанчІаз рищанила гьел. 5 Цо-цо мугьал ракьул хъал гурони тІад гьечІеб тІалде кколел рукІанила. Ракь тІеренаб букІиндал, гьел гьенир хехго тІирщанила ва тІаде раккизе лъугьанила. 6 Амма бакъ тІад речІчІарабго, речІан анила гьел, ва гъваридго ракьулъе кьалбал риччан рукІинчІелъул, хеккого ракъванила. 7 Цогиги мугьал заз-хъарахъалда гъорлъе кканила, хІалигъун бижараб чІахІицаги зазицаги гьел гъанкъун реханила, ва гьезда тІад тІорги бечІанила. 8 Цогидал мугьал кканила лъикІаб ракьалда тІаде, гьездасан рижанила ва гІун рачІанила тІорал: гьезул цоялда букІанила лъеберго, цогидалда – лъабкъого ва цо-цоялда – нусгоги мугь. 9 Цинги ГІисаца абуна: – ГІундул ругезда рагІизе биччанте гьеб! 10 Жалго хутІидал, дов анцІила кІиявго чапарасги цогидал цадахъ рукІаразги ГІисада гьикъана, мун мисал бачун кІалъаялъул магІна щибилан. 11 ГІисаца абуна: – Нуж руго Аллагьасул ПарччахІлъиялъул балъголъаби лъазе рес щварал гІадамал, амма цогидазе кинабго мисалаздалъун бицуна, – 12 ралагьун ругониги гьезда бихьунгутІизе, гІенеккун ругониги рагІунгутІизе, бичІчІунгутІизе. Гьедин букІинчІебани, гьел Аллагьасде руссинаан ва гьезул мунагьалги чурилаан. 13 Цинги гьес абуна: – Унго бичІчІичІебищ нужеда доб мисалалъул магІна? Гьеб бичІчІуларел нужеда цогидал мисалал кинха ричІчІилел? 14 Хьон хьалев чи ккола рагІи хьалев чи. 15 Цо-цо чиясул иш ккола нухде рортарал хьодул мугьазда релълъун. Гьесул гІинда рагІани Аллагьасул рагІи, гьебсагІатго бачІун илбисалъ бикъун уна гьесул рекІелъе ккун букІараб рагІи. 16 Гьединго цогидал гІадамал релълъуна ракьул хъал гурони тІад гьечІеб тІалде рортарал мугьаздасан бижаралда. РагІини гьездаги рагІула ва гьебсагІат рохун къабулги гьабула. 17 Амма рекІел гъварилъуда кьалбал гьечІелъул, гьеб халат хутІуларо. Къабул гьабураб рагІи сабаблъун хІинкъабиги къварилъабиги тІаде ккараб мехалъ, гьединав чияс къо хІехьоларо. 18 Цогидал релълъуна заз-хъарахъалда гъорлъе рортарал мугьаздасан бижаралда. 19 РагІини гьездаги рагІула, амма гьезул рекІелъе лъугьарал гьаб дуниялалъул тІалаб-агъазалъ ва бечелъиялдаги тІагІам-лазаталдаги хадур хачадиялъ гьеб рагІи гъоркь къинабула. Гьединазул хІалухъенги букІунаро. 20 Амма руго лъикІаб ракьалде рортарал мугьаздасан бижаралда релълъарал гІадамалги. РагІиги гьезда рагІула, къабулги гьабула. ХІалухъенги бижула цоязе лъеберго, цогидазе лъабкъого, цо-цоязе нусго нухалъцин цІикІкІараб. 21 Цинги ГІисаца гьезда абуна: – СахІида гъоркь яги хьонбакІалда гъоркь лъезейищ чирахъ бакун рокъобе жанибе босулеб? Борхатаб бакІалда гурищ гьеб лъолеб? 22 Балъгоябщинабги тІатунеб, бахчарабщинабги загьирлъулеб. 23 ГІундул ругезда рагІизе биччанте гьеб! 24 Цоги гьес абуна: – Балагьея, гІинтІаме гьаб дир калимаялъухъ: кинаб сахІалъ нужеца борцаниги, гьединабго сахІалъ борцине буго нужееги, ва нужее тІадеги жубазе бугеб. 25 Кодолъи бугесе тІадеги кьезе буго, кодолъи гьечІесухъа бугебги бахъизе буго. 26 Цоги ГІисаца абуна: – Аллагьасул ПарччахІлъи релълъуна цо гьадинаб ишалда. Масала, пуланав чияс ракьулъе рехула хьодул мугь. 27 Цинги къаси кьижун, къад вахъун, жиндирго яшавалда вукІуна гьев, ва гьесда лъаларо кин гьеб мугь тІирщулебали, тІаде баккулебали. 28 Ракьалъ жинцаго тІалаб гьабула мугьалъул: цин гьеб тІаде баккула, хадуб тІор бала, тІоралда мугь цІубала. 29 Гьале, тІоралда мугь барщарабго, босун нилъгун вачІуна гьев лъилъаризе, хур бакІаризе заман щун бугелъул. 30 Цоги гьес абуна: – Сунда релълъунеб Аллагьасул ПарччахІлъи? Яги кинаб мисал бачун гьелъул сипат цебе чІезабилеб? 31 Масала, гьеб релълъуна горчицаялъул хьодул мугьалда. Гьеб буго ракьалде хьалел киналго хьоназда гьоркьоб бищунго гьитІинаб хьодул мугь. 32 Амма гьеб мугь ракьулъе ккани, гьелдасан лъугьуна бищунго кІудияб хъарахъ, ва гьелъул чІахІиял гІаркьалабазул рагІдукь хІанчІаз бусабицин гьарула. 33 Гьедин гІемерал мисалалги рачун, гьезда бичІчІуледухъ бицунаан ГІисаца Рохалил хабар. 34 Мисал гъорлъ гьечІеб каламго букІунароан гІадамаздехун гьесул. Цинги жалго хутІараб мехалъ, жиндирго муридазда бичІчІизабулаан гьес гьеб киналъулго магІна. 35 Гьебго къоялъ маркІачІул гІужалъ ГІисаца муридазда абуна ралъдал доб рахъалде рахине кколилан. 36 Халкъги нахъе битІун, ГІисаги вачун, гьел рахана гьев тІад вукІараб доб росоде. Цогидал русбиги рукІана гьезда цадахъ. 37 Кутакаб гьури бахъана: речІчІун рачІарал карачалабаз раса лъадал цІолеб букІана. 38 ГІиса гьебмехалъ, цо къаданибжоги лъун, росол нахъисеб рахъалда кьижун вукІана. АскІоре ун, муридаз ворчІизавуна гьев: – Я, МугІалим! Нилъ гъанкъизехъин рукІиналъул ургъелгойищ дуе гьечІеб? – абун. 39 ТІаде вахъун гьес гьорода лъазабуна, тІокІаб пугейилан, карачалабазеги: «РуцІцІун чІа!» – ян амру гьабуна. ГьебсагІат гьури къотІана, тІубанго сихІ къотІун дуниялги хутІана. 40 Цинги ГІисаца жиндирго муридазда абуна: – КигІан хІинкъарал чагІи нужго! Кибе араб нужер божи-иман? 41 Гьебмехалъни цІакъго-цІакъ хІинкъана гьел, гьуриги карачалабиги жиндие мутІигІав гьавго кинав чийилан цоцазда абулеб букІана гьез.

5

1 Гьале гьал щвана Галилеялъул ралъдал добаб рахъалда бугеб герасеназул улкаялде. 2 ГІиса ракъдаде рещтІараб мехалъ, цойидасанго гьесда дандчІвана хабалазул нохъаздаса къватІиве вачІунев хъубал жундуз ккурав цо чи. 3 Гьениб хабалазухъ букІана гьесул чІейи, ва гьанже щивниги вукІинчІо рахас бан гьев вухьине кІолев чи. 4 Кверазда рахсал ран, бохдузда маххал ран, чанцІулго вухь-вухьана гІадамаз гьев, амма рахсалги гьес тІутІун ралаан, маххалги гъурун рехулаан. Лъиданиги кІолеб букІинчІо гьев квегъизе. 5 Къасиги къадги – кидаго гохІал, нохъал тирулаго ахІдолев-чІчІичІчІидулев вукІунаан гьев, ганчІазда тункун лъурал ругъназул цІун черхги букІунаан. 6 РикІкІадасанго ГІиса вихьидал, векерун вачІун гьев гьасда цеве кІалагъоркье речІчІана 7 ва ахІдезе лъугьана: – ТІадегІанав Аллагьасул Вас ГІиса! Щиб дуе дидасан къваригІараб? Аллагьасул цІар бахъун гьарулеб буго дуда, дие гІазаб кьоге! – ян. 8 (ГІисаца шайтІаналъе амру гьабун букІиндалха гьесул чорхолъа къватІибе лъугьаян.) 9 Цинги ГІисаца гьикъана дуда цІар щибилан. Жаваб кьуна: – «Бо» буго дида цІар. Щайгурелъул ниж гІемерал руго гьанир. 10 Цинги ГІисада цІакъ гьардезе лъугьана, гьаб улкаялдаса жал нахъе гъогейилан. 11 Гьениб цо мугІрул ссанда кваналеб букІана болъоназул кІудияб рехьед. 12 Жундуз ГІисада гьарана жал гьел болъоназда гъорлъе риччайилан. 13 Гьес изну кьуна. Гьев чиясул чорхолъа къватІиреги рачІун, хъубал жундул болъоназулъе лъугьана. ГьебсагІат тІубараб рехьед – кІиазаргогІанасеб болъон цо борхатаб бакІалдасан цадахъго ралъдалъе кІанцІун ана ва гьенир гъанкъана. 14 Болъоназул гІухьби гьениса лъутун ана, ва шагьаралдаги росабалъги гьез бицана ккараб жо. Цинги лъугьа-бахъараб иш бихьизе гІадамалги рачІана гьенире. 15 ГІисада аскІоре щведал, гьенив гІодов чІун ватана дов жундузул боялъ гьалаглъизавун вукІарав чи: тІад ретІелги буго гьесда, камилаб гІакълу-лъаялдаги вуго. ГІадамазул рекІелъе хІинкъи лъугьана. 16 Гьенир рукІараз бицана жундуз ккун вукІарасул лъугьарабги дол болъоназул ккарабги. 17 Гьебмехалъ гьел гІадамаз ГІисада гьарана жидер ракьалдаса нахъе айилан. 18 ГІиса росоде вахиндал, дов жундуз ккун вукІарав чияс гьесда гьарана живги цадахъ вачейилан. 19 Амма ГІисаца изну кьечІо. Гьес абуна: – Гьанже мун рокъове а ва дурго агьлуялда бице БетІергьанас дуего гьабураб лъикІлъиялъулги, гьев дуда гурхІараб куцалъулги хІакъалъулъ. 20 Инеги ун гьев чияс АнцІшагьаралъул гІадамазда гьоркьоб тІибитІизабуна ГІисаца жиндие гьабураб хІалкІолъиялъул хабар. Киналго гьелда хІикмалъун хутІун рукІана. 21 Нахъеги росодаги рекІун, ГІиса ралъдал добцояб рагІалде щвараб мехалъ, гІемераб халкъ бакІарана гьесухъе. Гьев вукІана ралъдал рагІалда эхетун. 22 Гьале, гьениве вачІуна синагогаялъул хІакимзабазул цояв. Яир букІана гьесда цІар. ГІиса вачІун вихьидал, гьев гьасда цеве накабазда чІола, 23 ва кутакалда гьардезе лъугьуна: – Дир яс холей йиго, вачІун дуца цо квер хъвани, сахлъила гьей, чІаго хутІила гьей. 24 ГІиса гьесда цадахъ уна. Гъуркъун хадур рачІунел гІадамазул руккелалъ гьоркьов вазавун вукІана гьев. 25 АнцІила кІиго соналъ би къотІичІого ва черх бацІцІалъичІого йикІарай, 26 жиндир бугебщинаб боцІи-рикъзи тохтирзабазе кьуниги, дагьайги квеш лъугьун гурони, гьезда мадар лъугьинабизе кІвечІей цо пуланай чІужугІаданалъ, 27 ГІисал хабар рагІидал ячІун, халкъалъул гурулъ вугев гьесухъе нух бахъула ва нахъасан гьесул ратІлида квер хъвала. 28 ГІисал ратІлидагІаги квер хъвазе щвани, жий сахлъилин ракІалде кколаан гьелда. 29 ГьебсагІатго къотІана гьелъул чорхолъа чвахулеб букІараб би, ва гьеб гІазабалдаса жийго хвасарлъарайлъи бичІчІана гьелда. 30 Гьебго заманаялда ГІисадаги лъана цо чи сахлъизавизе кІолеб къуват жиндир чорхолъа араблъи. – Лъица дир ратІлида квер хъвараб? – абун гьикъана гьес, халкъалдехунги вуссун. 31 Гьесул муридаз абуна: – Дуда сверухъ гъуркъун бачІунеб бугеб гІалам бихьулагурищ дуда. Гьединги букІаго, жинда хъварав чи щивилан абулеб буго дуца. 32 ГІисайин абуни, жиндир ратІлида квер лъица хъварабали лъазе, сверухъе валагьахъдилев вукІана. 33 Жиндиего лъугьараб ишги бичІчІун, хІинкъун сородилаго ячІуна дой чІужугІадан ГІисада аскІое ва, кІалагъоркье гьесда цееги речІчІун, гьелъ бицуна тІолабго хІакъикъат. 34 ГІисаца гьелда абула: – Дурго божи-иманалъ хвасар гьаюна, яц, мун. Гьанже а дурго, сах хутІагийин мун! 35 Гьелдехун кІалъалев ГІиса вукІаго, синагогаялъул хІакимасул бакІалдаса ругьел бачІуна, дур яс хванилан, гІадада МугІалимасул рахІат хвезабун щайилан. 36 Гьел рагІабазул сан гьабичІого, ГІисаца ясалъул инсуда абула: – Мун хІинкъуге, божун вукІа! 37 Пётрги, Якъубги, Якъубил вац Иоаннги гурони, цогидав чиги цадахъ вачинчІого, 38 ГІиса щола синагогаялъул хІакимасул бакІалде. Гьенир гьесда ратула ахІи-хІуралда гІодилаго ва магІу гьабулаго рихха-хочун ругел гІадамал. 39 ГІисаца гьезда абула: – Щай нуж гІодулел? Щай рихха-хочулел? Гьей хун гьечІогури. Кьижун ккун буго лъимер. 40 Гьел гьасда тІад релъанхъизе лъугьуна. ГІисаца киналго къватІире гъола. Ясалъул эбел-эменги ва жиндаго цадахъ рукІаралги рачун, гьев лъугьуна яс егун йигеб рокъове. 41 Ясалъул кверги ккун, ГІисаца гьелда абула: – ТІелитаъ, кІум! (Гьелъул магІна букІана – «Дуда буго абулеб: ТІаде яхъа, ясай!») 42 ГьебсагІат тІадеги яхъун хьвадизе лъугьана гьей яс. (Гьелъул букІана анцІила кІиго сон.) ГІемерго гІажаиблъун-хІикмалъун, битІахъе хаган хутІана гІадамал. 43 ГІисаца абуна гьей ясалъе квен кьеян, ва, воре, нужеца гьелъул хІакъалъулъ лъиданиги бицунгеянги лъазабуна.

6

1 Гьениса вахъун ГІиса ана живго гІураб шагьаралде. Цадахъ гьесул муридалги рукІана. 2 Шамат къо тІаде щварабго, ГІисаца байбихьана синагогаялъуб халкъалда Аллагьасул рагІи малъизе. Гьесухъ гІенеккаразул гІемерисел гІажаиблъун хутІун рукІана. Гьез цоцазда абулеб букІана: – КисагІаги гьасие гьаб щвараб? Гьасулъ бугеб гьабго кинаб цІодорлъи-гІакъиллъи? КингІагидай гьасул квердасан гьадинал мугІжизатал лъугьунел? 3 Марямил вас цІулал устар гурищ гьав? Якъубил, Юсупил, Ягьудал ва Симонил вац гурищ гьав? Гьанир нилъеда аскІор гурищ гьасул яцал ругел? Гьедин васвасаца ккун гьесда божичІо гьел. 4 Гьебмехалъ ГІисаца абуна гьезда: – Къимат-къадру гьечІев авараг вукІунаро; амма жиндирго инсул росдацаги, жиндирго гІагарлъиялъги ва жиндирго рукъалъул агьлуялъги гьев рикІкІунаро. 5 Гьениб ГІисада кІвечІо цониги мугІжизат бихьизабизе. (Квер хъван цодагьалго чагІи сах гьари гурони, батІияб хІалкІолъиги гьесдасан тІатинчІо.) 6 ХІикмалъун вукІана ГІиса гьел божунгутІиялда. Цинги гьев хьвадана сверухъ ругел росабалъе, гьенибги халкъалда Рохалил хабар бицине. 7 Хадуб гьес, ахІун анцІила кІиявго чапаргун, кІи-кІиккун гьелги ритІана. Хъубал жундузда тІад ихтиярги кьуна ГІисаца гьезухъе. 8 ЦохІо гІанса гурони, цадахъ щибниги: я квен-тІех, я таргьа-къвачІа, я рачлихъ бараб чвантиниб лъун гІарац босугеянги лъазабуна ГІисаца гьезда. 9 Хьитал ретІеян абуна, амма хисизе ретІел цадахъ босугеянги малъана. 10 ГІисаца гьезда абуна: – Нуж тІад рещтІарав гьоболги хисуге, гьеб шагьаралдаса къватІире рахъинегІан. 11 Ваамма нуж къабулги гьаричІони, ва нужер рагІабазухъ гІинги тІамичІони, гьениса къватІире рахъунаго, нужерго хьитаздаса хІурги кІутІун те. Аллагьасда цебе гьез жаваб кьезе букІине хутІа абе гьеб. 12 Гьел чапарзаби ана кантІун Аллагьасде руссаян гІадамазда лъазабизе. 13 Чанги чиясул чорхолъа жундул рачахъана гьез. Даруяб нах бахун гІемерал унтарал гІадамал сахлъизаруна. 14 ГІисал цІар киса-кибего машгьурлъун букІиндал, Гьерод ханасухъеги щолел рукІана гьесул хІакъалъулъ харбал. Цояз абулеб букІана, хваралъуса вахъун вачІарав ЯхІя авараг вугин гьев, ва гьединлъидал гьес рихьизарулел ругин гьал мугІжизаталги. 15 Цогидаз абулеб букІана Иляс авараг вугин гьевилан. НекІо заманаялда рукІарал аварагзабиго гІадинав авараг вугин гьевилан абулел чагІиги рукІана. 16 Амма гьеб рагІидал, Гьеродицани абуна, жинца бетІер къотІизабурав ЯхІя авараг вугин, хваралъуса вахъун вачІун. 17 Гьеродица жинцаго кьун букІана кквезеги ккун ЯхІя гвандинив тІамейилан буюрухъ. Гьелъие гьадинаб гІиллаги букІана: Гьеродица лъадилъун ячун йикІана жиндирго вац Филиппил чІужу Гьеродиада. 18 Амма ЯхІяца гьесда абулеб букІана вацасул йикІарай чІужу дуца ячине бегьуларилан. 19 Гьединлъидал гьесда ццин бахъун йигей Гьеродиадае бокьун букІана ЯхІя чІвазе. Амма гьелда гьеб гьабизе кІвечІо. 20 Щайгурелъул Гьерод ЯхІякьа хІинкъулаан. Гьесда лъалаан ЯхІя вацІцІадав ва мукъадасав чи вукІин. Гьединлъидал цІунун вукІана гьев Гьеродица. КигІанго гьесул рагІабаз рекІел рахІат хвезабулеб букІаниги, Гьеродие бокьулаан ЯхІяхъ гІенеккизе. 21 Ахирги цо санагІатаб къо тІаде щвана. Живго гьавураб къо кІодо гьабун Гьеродица кІудияб квана-гьекъей гьабуна, кинабго Галилеялъул къо-ас бугел чІухІбиги, бодул церехъабиги, бищунго хІурматиял хІакимзабиги ахІун. 22 Гьений тІаде ячІун Гьеродиадал яс кьурдана, Гьеродги гьесда аскІор рукІаралги цІакъ рази гьаруна гьелъ. Гьеродица гьей ясалда абуна: – Щиб дуе бокьаниги, гьаре дида, дица дуе кьела гьеб. 23 Цинги гьев гьелъие гьедана: – Щиб дуца гьараниги, гьеб дуе дир сайигъат буго, хІатта дир ханлъиялъул бащдаб букІа абе гьеб. 24 Инеги ун, гьелъ жиндирго эбелалда гьикъана щибдай гьарилаян. Эбелалъ малъана ЯхІя аварагасул къотІараб бетІер гьарейилан. 25 ГьебсагІат, екерун ханасухъеги ун, ясалъ гьесда абуна: – Дие бокьун буго ЯхІя аварагасул бетІер, гъадрида жаниб лъун, гьабсагІат дуца дихъе кьезе. 26 Хан цІакъ пашманлъана. Амма гьалбадеридаги рагІун гьедараб гьа хвезабиларилан гьелъие инкар гьабизе бокьичІо. 27 ГьебсагІат ханас гІащтІичиясе амру гьабуна, ЯхІял къотІараб бетІерги босун вачІайилан. 28 Вортун ун, гвандинив вугев ЯхІял бетІерги къотІун, гъадриниб гьебги лъун вачІана гІащтІичи. Цинги ясалъухъе кьуна гьес гьеб. Гьелъги босун жиндирго эбелалъухъе кьуна. 29 Гьеб хабар рагІидал, ЯхІял муридаз гьесул жаназа, нахъеги босун, хабалъ букъана. 30 Дол чапарзаби ГІисахъе тІадруссана, ва жидецаго гьабурабщинабги халкъалда малъарабщинабги бицана гьез гьесда. 31 РачІунелги унелги гІадамазул гІемерлъиялъ кІалдиб квен лъезецин заман букІинчІелъул, ГІисаца гьел чапарзабазда абуна: – Гьанже нилъ гьазда аскІоса цо гІадан-чи гьечІеб гІалахалде рилълъина цодагьалъ хІухьбахъи гьабизе. 32 Халкъалдаса ратІалъун, росодаги рекІун, цо гІадан-чи гьечІеб бакІалде ана ГІисаги гьелги. 33 Амма гІемерисел гІадамазда рихьана гьел унел ва щал ругелали лъана. Гьединлъидал ралъдал рагІалчІван рекерун, киналго шагьараздаса гІадамал ракъдадасан рекерана гьенире, ва, гьаздасаги цере дореги щун ратана. 34 ГІиса ракъдаде лъугьараб мехалъ, гьесда гьениб бихьана гІемераб халкъ, ва гьев гурхІана вехь гьечІеб гІи гІадин ругел гІадамазда; гьезда гІемераб жо малъизе лъугьана гьев. 35 МаркІачІумех щолеб букІиндал, ГІисада аскІоре рачІун гьесул муридаз абуна: – ГІадан-чиго гьечІеб бакІ бугин гьаб, сордоги тІаде щолеб бугин, 36 нахъе айилан абе гьал гІадамазда, гьанир сверухъ ругел росабалъ жидеего квание гІамал гьабизе. 37 ГІисаца гьезда абуна: – Нужеца кваназаре гьел. Гьез абуна: – Гьал гІорцІизаризе чадихъ кІинусго динар кьезейищха ниж инел? 38 ГІисаца гьезда абуна: – Чан чед нужехъ бугебали хал гьабун рачІа, – ян. Хал гьабун рачІун гьез абуна: – Щуго чедги кІиго ччугІаги буго, – ян. 39 Гьебмехалъ ГІисаца гьезда лъазабуна гьел гІадамал гІурччинаб харда тІад, кьера-кьерал гьарун, гІодор чІезареян. 40 Гьелги нус-нусккун ва кІикъоялда анцІ-анцІккун гІодор чІана. 41 ГІисаца щуябго чедги кІиябго ччугІаги кодобе босана, зобалаздехун вуссун кванде дугІа гьабуна ва бек-бекун муридазухъе кьуна, халкъалъе бикьейилан. Цинги кІиябго ччугІаги бикьана киназдаго гьоркьоб. 42 Киналго гІорцІизегІан кванана. 43 Нахъе хутІараб чадилги ччугІилги кесказул анцІила кІиго гьегь цІезабуна. 44 Бихьиназулцин кинавниги щуазарго чи вукІана гьенив кваналев. 45 Цинги ГІисаца жиндирго муридал ритІана, гьеб халкъ жинца нахъе биччалалде, росодеги рахун, ралъдал добцояб рахъалда бугеб Бетсаидаялде цере-цере айилан. 46 Халкъги нахъе битІун, ГІиса Аллагьасе гьари-дугІаялъе магІарде ана. 47 - 48 МаркІачІубер рукІкІараб мехалъ раса ралъдал бакьулъе щун букІана. Цинги ралъдал рагІалда живго цохІо вукІарав ГІисада бихьана бадибехун пулеб кутакаб гьорода данде лъим ххазе ккун, гьезул тату хун букІин. Жеги хъахІлъи рехилалдего ГІиса ралъдал лъеда тІасан вилълъун гьезда аскІове ана. Гьале гьев цоги рахъалдехун унев ватана гьезда хьолбохъан. 49 Лъеда тІасан вилълъун вачІунев гьесда бер чІвайдал, хваразул рухІ бугилан ккун, росода рукІаразул чІахІиял гьаркьал кІанцІана. 50 Киназдаго вихьулев вукІана гьев, ва киналго хІинкъунги рукІана. ГьебсагІат ГІисаца гьезда абуна: – Дун вуго! Нуж расги хІинкъуге! КъвакІун чІа! 51 Цинги гьев гьезда аскІове росоде вахана. ГьебсагІат гьуриги къатІана. Дагьалги гІажаиблъун, хІикмалъун хутІун рукІана гьел. 52 Доб чадил мугІжизатгицин бичІчІун букІинчІелъулин гьезул ракІ бицатго хутІун букІараб. 53 Ралъдал добаб рахъалде рахун, гьел щвана Геннесареталъул ракьалде ва якорь рехана. 54 Цинги росодаса рещтІун гьел ракъдаде лъугьана. ГьебсагІат ГІисаги лъан, 55 гьенир рукІарал гІадамал рахъ-рахъалде рекерун ана, ва гьев вугин рагІараб бакІалде туртида лъун росун рачІана гьез унтарал чагІи. 56 Гьедин, киве гьев щваниги – шагьараздаги, росабалъги, кулабаздаги, – росун рачІун базар къотІнор лъолаан унтарал чагІи. Гьесул гІабаялъул гІертелалда квер хъвазегІаги биччайилан гьарулаан гьез. Гьесда квер хъванщинав чиги сахлъулаан.

7

1 Гьале ГІисахъе рачІун, гьенир данделъана фарисеялги Иерусалималдаса цо чанго динияв гІалимчиги. 2 ГІисал цо-цо муридал «хъубал» квераз, ай квералги чуричІого, кваналел рихьана гьезда. ( 3 Фарисеялги ва цогидал киналго жугьутІалги, умумуздасанго бачІараб динияб гІадат цІунун, цин кверал чуричІого кваназе гІодор чІоларо. 4 Базаралдаса руссараб мехалъги гьел кверал чуричІого кваналаро. Цогиги гІемер руго гьез цІунарал гІадатал. Масала, мухІканго чурула суркІа-щурун, парччи-гулгун, пахьул хьагал.) 5 Гьединлъидал фарисеязги диниял гІалимзабазги ГІисада гьикъула: – Умумузул динияб гІадатги цІуничІого щай дур муридал чуричІел квераз кваналел ругел? 6 ГІисаца жаваб кьуна: – Нуж гІадинал ххвелал гьаризе бокьулел чагІазул хІакъалъулъ цІакъ битІун абун бугебха Ишая аварагасул тІехьалда: «Гьел гІадамазул кІалалъ Дир цІар гІемер рехсола, Амма ракІални гьезул рикІкІад руго Дидаса. 7 ГІадада ккела гьезул Дие гьабураб тІагІат, ГІадамазул гІадатал цІунизе халкъ тІамидал». 8 Аллагьасул амруги рехун тун, гІадамазул гІадат цІунула нужеца. 9 Цоги гьес абуна: – Нужерго гІадат цІунизе бокьун Аллагьасул амру нахъчІвазени махщел щун буго нужее! 10 Мусал къануналда гурищ абун бугеб: «Дурго инсулги эбелалъулги адаб-хъатир гьабе!» Хадубги: «Жиндирго инсул яги эбелалъул хІакъалъулъ квешаб рагІи абурав чи чІвазе ккола». 11 Амма нужеца малъулеб буго: масала, пуланав чиясул ихтияр бугила инсуда яги эбелалда абизе нужее дидасан кколеб напакъа дица Аллагьасе къурбан, ай назру гьабунилан. 12 Гьелдалъун нужеца чІезабулеб буго гьев чияс жиндирго инсуеги эбелалъеги кумек гьабичІониги гІолилан. 13 Гьедин нужеца умумуздасан бачІараб гІадаталдалъун хвезабулеб буго Аллагьасул амру. Гьелда релълъаралги гІезегІан жал гьарулел руго нужеца. 14 Нахъеги халкъги аскІобе ахІун, ГІисаца абуна: – Дихъ гІенекке нуж киналго: 15 - 16 къватІиса жанибе аралъ гуро инсан хъублъизавулев, гьев хъублъизавула гьесда жаниса къватІибе бачІаралъ. Гьеб бичІчІа нужеда! 17 Гьеб халкъалда аскІоса ун рокъоре щвараб мехалъ ГІисада муридаз гьикъана доб кициялъул магІна щибилан. 18 ГІисаца гьезда абуна: – ГьедигІанго жо бичІчІуларел чагІийищха нужги? КъватІиса жанибе аралъ инсан хъублъизавуларевлъи лъаларебищха нужеда? 19 КІалдисан чорхолъе жанибе араб жо инсанасул рекІелъе гуро унеб, чохьонибе уна, цинги гьенисан къватІибеги уна. (Гьел рагІабаздалъун ГІисаца бичІчІизабуна инсанас кваналебщинаб квен бацІцІадаб, хІалалаб букІин.) 20 Хадубги гьес абуна: – Амма инсан хъублъизавула гьесда жанисан бачІун къватІибе аралъ. 21 - 22 Щаян абуни, инсанасда жанисан, гьесул рекІелъан рачІуна квешал къасдалги, хъахІбалъиги, цІогьги, чІвай-хъвейги, зиначилъиги, хъантІи-къарумлъиги, ццинги, хІилла-макруги, пасалъиги, жахІда-хІусудги, бугьтанги, чІухІи-пахрулъиги, жагьиллъиги. 23 Гьеле гьеб инсанасда жанисан къватІибе бачІунебщинаб квешлъиялъ хъублъизавула гьев. 24 Гьениса вахъун ГІиса щвана Тир шагьаралъул ракьалде. Пуланав чиясул бакІалда рещтІарав гьесие бокьун букІинчІо жив вачІун вукІин гІадамазда лъазе. Амма вахчун гьев хутІичІо. 25 - 26 Цо чІужугІаданалда рагІана гьев вачІун вугилан. Гьелъул яс йикІана жундуз ккун. (Гьей йикІана мажусияй, Сириялъул ракьалдаса финикияй.) ГІисахъе ячІун, гьесул хІатІазда цее накабаздаги чІун, гьелъ гьарана жиндир ясалъул чорхолъа шайтІан бачахъейилан. 27 Гьес гьелда абуна: – Цин лъимал гІорцІизегІан чІа, лъималазул кІалдиса бахъун чед гьабзазе базе бегьуларо. 28 ГІисае жавабалъе гьелъ абуна: – Я, БетІерчІахъад! Гьебни битІараб буго. Амма лъималазухъа рортарал чадил кескал столалда гъоркь регун рукІунел рукъалъул гьабзазеги щолагури. 29 Цинги ГІисаца гьелда абуна: – Гьеб рагІи дие рекІее гІуна, гьанже дурго рокъое а; дур ясалъул чорхолъа шайтІан нахъе арабин. 30 Рокъое щведал, гьелда жиндирго яс ятана, шайтІанги чорхолъа ун, парахатго бусада егун. 31 Тир улкаялдаса вахъун, Сидон шагьарги къотІун, АнцІшагьаралъул ракьалдасан нахъеги Галилеялъул ралъдал рагІалде щвана ГІиса. 32 Гьесухъе вачун вачІана хІалица гурони кІалъазе кІоларев гІинкъав чи, гьесда цо квер хъвайилан гьарун. 33 ДовегІанги вачун, ГІисаца гьев чиясул гІинзунир килщал къазаруна, ту-тузеги ту-тун гьесул мацІалдаги хъвана килищ. 34 Цинги, зобалазде бералги тІамун, угьун хІухьелги биччан, гьес абуна: – ЭтпатахІ! (Гьелъул буго «Рагье!» абураб магІна.) 35 ГьебсагІат гъов чиясул гІундул рагьун рачІана, ва мацІалда букІараб гарацІги бичун ун, бацІцІадго кІалъазе лъугьана. 36 Гьелъул хІакъалъулъ лъиданиги бицунгейилан лъазабуна ГІисаца гьел гІадамазда. Амма гьедин цІикІкІун гьукъанагІан, дагьабги цІикІкІун тІибитІулеб букІана халкъалда гьоркьоб ГІисал хабар. 37 Ва дагьабги цІикІкІун гІажаиблъун, хІикмалъун хутІарал гІадамаз цоцазда абулаан: – Сунда квер баниги, кинабго лъикІ лъугьунеб буго гьесухъа. ГІинкъаздаги рагІи рагІизабулеб буго, мацІ лъаларелги кІалъазарулел руго.

8

1 Гьел къоязда нахъеги цІакъ гІемераб халкъ бакІарана ГІисада аскІобе. Квен-тІехги гьечІого гьел хутІидал, жиндирго муридалги аскІоре ахІун, ГІисаца гьезда абуна: 2 – Гьал гІадамазда гурхІун вуго дун. Гьале лъабабго къоялъ дида аскІор чІун руго. Кваназе жоги хутІун гьечІо гьазухъ. 3 КваначІого дица риччани, рокъоре унаго, рухІ дагьлъун ккезе бегьула гьел, цІакъго рикІкІадаса рачІаралги ругелъул гьезда гьоркьор. 4 Муридаз гьесда абуна: – Гьаниб гІалхуда гьазие гІураб чед лъица балагьилеб, киса бахъилеб? – абун. 5 Чан чед нужехъ бугебилан гьикъана ГІисаца гьезда. Анкьго чед бугилан абуна гьез. 6 Цинги ГІисаца гьел гІадамазда абуна кваназе гІодор чІайилан. Гьеб анкьабго чедги кодобе босун, тІаде дугІаги гьабун, ГІисаца бек-бекун жиндирго муридазухъе кьуна, халкъалъе бикьейилан. Гьезги гьеб халкъалъе бикьана. 7 Дагьа-макъаб ччугІаги букІана гьезухъ. Додинго тІаде дугІаги гьабун, гьебги кьуна ГІисаца муридазухъе, халкъалъе бикьеян. 8 ГІорцІизегІан кванана гьел гьенир; нахъе хутІарал чадил мочІабазулги анкьго гьегь цІуна. 9 Гьенир кванарал гІадамазул вукІана ункъазаргогІанасев чи. 10 Гьелги нахъе ритІун, ГІиса гьебсагІаталъ жиндирго муридалгун цадахъ, росодаги рекІун, Далманутаялъул ракьалде ана. 11 Гьенир ГІисахъе рачІун, цо-цо фарисеял лъугьана гьевгун дагІбадизе. Гьесул хІалбихьизелъун, гьез тІалаб гьабуна зодисан гІаламат бихьизабеян. 12 Угьун хІухьелги биччан, ГІисаца абуна: – Щай гьаб умматалъ гІаламат тІалаб гьабулеб? ХІакълъун абулеб буго дица: гьаб умматалъе гІаламат букІине гьечІо. 13 Гьел гІадамалги рукІаралъур тун, ГІиса нахъеги росоде вахана ва ралъдал добцояб рахъалде ана. 14 Квен цадахъ босизе кІочон тун батана муридазда; цо гурони чед батичІо гьезухъ. 15 ГІисаца гьезда лъазабуна: – Вореха, фарисеязулги гьеродилазулги реччеялдаса цІунун чІа нуж. 16 Цоцазда гаргадизе лъугьана гьел: – Нилъехъ чед гьечІилан абураб магІна букІине ккола гьелъул. 17 Гьезул пикру бичІчІун, ГІисаца абуна: – Чед гьечІилан щай нуж гаргадулел? Нужго кинал гьедигІан бичІчІи гьечІел ва нахъгІунтІуларел? КигІан согІлъун нужер ракІал ругел? 18 - 19 Берал ругониги бихьулареб кин? ГІундул ругониги рагІулареб кин? Нужеца ракІалде щвезабе: дица щуазарго чиясе бек-бекун щуго чед кьун хадуб хутІарал чадил мочІабазул чан гьегь цІураб? АнцІила кІиго гьегь цІунилан жаваб кьуна гьез. 20 – Анкьго чед ункъазарго чиясе бикьараб мехалъ, хутІарал мочІабазул чан гьегь цІураб? Анкьго гьегь цІунилан жаваб кьуна гьез. 21 – Гьанжеги бичІчІичІебищ нужеда? – ян гьикъана ГІисаца гьезда. 22 Цинги гьел щвана Бетсаидаялде. Вачун вачІуна цо бецав чи. Гьесда квер хъвайилан гьарула гьез ГІисада. 23 ГІисаца кверги ккун гьев чи росулъа къватІиве вачана ва гьесул кІиябго бадибеги ту-тун, беразда квералги рахъун, гьесда гьикъана щибниги бихьулеб бугищилан. 24 Сверухъ хал-шалги гьабун, гьес абуна: – АскІосан унел гІадамал рихьулел руго дида гъутІби гІадин. 25 ГІисаца нахъеги беразда кверал рахъараб мехалъ, гьев чи цеве валагьана, – бералги сахлъун, кинабго жо баянго бихьулеб батана гьесда. 26 ГІисаца гьев гьенисанго рокъове витІана ва гьадаб росулъан унгеянги лъазабуна. 27 Гьениса вахъун жиндирго муридалгун цадахъ ГІиса ана Филиппил Къайсарият шагьаралда гІагарлъухъ ругел росабалъе. Нухда ГІисаца гьезда гьикъана: – Щивлъун дун гІадамаз рикІкІунев? – абун. 28 Гьез жаваб кьуна: – Цояз абулеб буго мун ЯхІя авараг вугилан, цояз абулеб буго Иляс авараг вугилан. Цогидаз абулеб буго аварагзабаздасан цояв кколилан. 29 Цинги ГІисаца гьезда гьикъана: – Нужеца щивлъунха дун рикІкІунев? – абун. Пётрица жаваб кьуна: – Мун вуго МасихІ. 30 Лъиданиги гьеб бицунгейилан лъазабуна ГІисаца гьезда. 31 Цинги гьес бицине байбихьана ГІадамил Лъимаца гІемераб гІазаб-гІакъуба хІехьезе ккезе бугин, чІухІби-хІакимзабазги, чІахІиял кашишзабазги, диниял гІалимзабазги гьесдаса инкар гьабизе бугин, чІвазе вугин ва лъабабилеб къоялъ хваралъуса вахъинеги вугин. 32 Гьеб кинабго ГІисаца гьезда рагьун бицана. Амма довегІанги вачун Пётр лъугьана гьедин абугейилан гьесда дандечІун кІалъазе. 33 Гьебмехалъ, кьурун вуссун, жиндирго муридазухъ валагьана гьев. Цинги, Пётрги вуцІцІинавун, абуна: – ТІагІа дида аскІоса, Илбис! Аллагьасулаб тун, инсанасулаб лъугьун буго дур рекІелъе. 34 Гьениб букІараб халкъги жиндирго муридалги аскІоре ахІун, ГІисаца абуна: – Дида цадахъ вилълъине бокьарав чи ватани, гьес жиндирго напсалдаса инкар гьабе, жиндаго тІаде ккараб хъанчил гІазабги бачче ва дида хадув вачІа. 35 Щаян абуни, жиндирго гІумру цІунизе бокьулев чи гьелдаса махІрумлъила, диеги Рохалил хабаралъеги гІоло гІумруялдаса махІрумлъизе разилъарас гьеб хвасар гьабила. 36 Жиндирго рухІги рецІалие кьун, тІолабго дуниялалъул кверщел хъатикье щвеялъул щиб пайда бугеб инсанасе? 37 Жиндирго рухІалъухъ хисизе жо щиб бугеб инсанасул? 38 Гьаб мунагьаб ва пасатаб умматалда цеве дунги дир рагІабиги сан гьаричІев чи ГІадамил Лъимацаги сан гьавизе гьечІо, жиндирго Инсул нуралъ гвангъун, мукъадасал малаикзабигун цадахъ гьев вачІунеб мехалъ.

9

1 Цоги ГІисаца абуна: – ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: тІубараб къуваталда Аллагьасул ПарччахІлъи рещтІунеб куц бихьичІого, жидеца хвалил лълъар гьекъезе гьечІел гІадамалги ругелха гьанир эхетаразда гьоркьор. 2 Гьелдаса хадуб анлъго къоялдасан, Пётрги, Якъубги, Иоаннги гурони тІокІав чиги цадахъ вачинчІого, ГІиса цо борхатаб магІарде вахана. Гьелги ралагьун рукІаго, хиса-басун лъугьана ГІиса. 3 Гьесул ретІел лъугьана, гІазухъахІаб кьерги чІван, кунчІ-кунчІизе; кигІан цІакъ чураниги кІвелароан гьеб гьедин хъахІлъизабизе. 4 Цинги гьезда рихьана Илясги Мусаги. ГІисагун гара-чІварулел ругоан гьел. 5 Гьениб Пётрица ГІисада абуна: – Я МугІалим! ЛъикІ буго гьаниб нилъее! РачІа, лъабго хъощ базин гьаниб: цо дуе, цо Мусае, цо Илясие. 6 Гьедин абуна Пётрица, щиб абилебали лъаларого хутІидал. ХІакъикъаталдаги хІинкъун лъугьана муридзаби гьенир. 7 Гьебмехалъ цо хъахІаб накІкІул парча бачІун рахчизаруна гьел ва накІкІуда гьоркьосан бахъана цо гьаракь: – Гьав вуго дие вокьулев дир Вас. Гьасухъ гІенекке нуж! 8 Цинги гьебсагІат сверухъе ралагьидал, цохІо ГІиса тун батІияв чи гьезда гьенив вихьичІо. 9 МагІардаса гІодоре рещтІунаго, ГІисаца гьезда лъазабуна хваралъуса вахъун ГІадамил Лъимер вачІинегІан, гьаб нужеда бихьараб ишалъул лъиданиги бицунгейилан. 10 Гьениб бихьарабщинаб жиделъго цІунана гьез. Амма «хваралъуса вахъун вачІиналъул» магІна щибдайилан цоцазда цІехолдулел рукІана. 11 Цинги гьез ГІисада гьикъана: – Щайха диниял гІалимзабаз абулеб цин цеве Иляс авараг вачІине кколилан? 12 ГІисаца гьезда абуна: – БитІараб буго, цин цеве Иляс вачІуна ва гьес кинабго къачІанги тола. Щайха ТІухьдузда хъван бугеб ГІадамил Лъимада гІемераб гІазаб-гІакъуба бихьилилан ва гІадамаз гьев инжит-хІакъир гьавилилан? 13 Гьале дица нужеда абулеб буго: ТІухьдузда хъван бугеб куцалда, Иляс вачІана; ва жидее бокьанщинаб гьабуна гьесие гІадамаз. 14 ГІиса дол жиндирго муридазда аскІове тІадвуссиндал, гІемераб халкъ бакІарун батана гьенибе. Диниял гІалимзабиги ругоан гьасул муридалгун дагІба-рагІиялда. 15 ГІиса вихьидал, тІолабго халкъ хІикмалъун хутІана, данде рортун гьесие салам кьезе лъугьана. 16 ГІисаца жиндирго муридазда гьикъана гьазулгун нужер бугеб дагІба щибилан? 17 Халкъалда гьоркьоса вачІун цо чияс абуна: – Я МугІалим! Дун духъе вачІун вуго женалъ кІал-мацІ ккурав, кІалъазе кІоларев васги вачун. 18 Гьеб жен киб кваланиги, дир вас гІодов ккола, кІалдиб полоп бала, цаби къерщезарула, цинги гьев цІоро-гъорон лъугьуна. Гьал дур муридазда абуна дица гьесул чорхолъа жен бачахъеян, амма гьезухъа бажаричІо. 19 Гьездехун ГІисаца абуна: – ГІай, нуж иман гьечІеб уммат! КидалъагІан дун нужгун вукІинев? КидалъагІан дица нуж хІехьезе кколел? Ваче гьаниве дурго вас. 20 Вас гьесухъе вачун вачІана. ГІиса вихьаравго, хъубаб женалъ васасул щукІдул рукІкІинаруна; гьев гІодов ккана, гевегахъдизе лъугьана ва гьесул кІалдисан полоп бурана. 21 ГІисаца гьесул инсуда гьикъана: – Вас гьедин лъугьаралдаса кигІан мех бараб? – ГьитІинаб мехалдаса нахъего вуго гьев гьедин, – абун жаваб кьуна инсуца. 22 – Чанги цІадавеги рехана женалъ гьев, лъадалъеги рехана, хвезавизе бокьун. Дуда щибниги гьабизе кІолеб батани, нижеда гурхІун, кумек гьабе нижее. 23 ГІисаца гьесда абуна: – Дагьабниги божизе дудаги кІолеб батани, божа мунги. Божулев чиясда хІалкІолареб жо букІунаребин! 24 ГьебсагІат васасул инсуца ахІана: – Дун божула, кумек гьабе дие – божуларесе! 25 ТІаде гурун бачІунеб халкъги бихьун, гьеб женалъе амру гьабун, ГІисаца абуна: – Ле, мацІ лъалареб ва гІинкъаб жен! Дица дуе амру гьабулеб буго гьев васасул чорхолъа тІагІаян ва тІокІаб киданиги гьенибеги къагеян. 26 Цо гьаракьги гьабун, кутакалда гьев васги сородизавун, шайтІан къватІибе кІанцІун бачІана. Цинги хварав чи гІадин лъугьана вас, хІатта гьев хваниланцин абулеб букІана гІемерисез. 27 Амма ГІисаца квер цІан тІаде вахъинавидал, вас вахъун чІана. 28 Рокъоре щун, жалго хутІидал, муридаз ГІисада гьикъана: – Нижеда щай кІвечІеб доб хъубаб жен бачахъизе? 29 ГІисаца гьезие жаваб кьуна: – Доб тайпаялъул жундул рачахъизе кІола гІицІго дугІаялдалъун. 30 Гьениса рахъун Галилеялъул ракьалдасан унел рукІана гьел. ГІисае бокьун букІинчІо жив вачІунев вукІин лъиданиги лъазе. 31 Жиндирго муридазе насихІат гьабулев вукІана гьев. ГІисаца гьезда бицана: – ГІадамил Лъимер кьезе вуго гІадамазда кодове, цинги гьез гьев чІвала ва лъабабилеб къоялъ хваралъуса вахъина. 32 Амма гьезда бичІчІичІо гьел рагІабазул магІна, ва гьесда гьеб гьикъизеги хІинкъана. 33 Цинги гьел Капернаумалде щола. Рокъоре щведал, ГІисаца гьезда гьикъана: – Гьанире рачІунаго нухда сундул бицун дагІбадулел нуж рукІарал? – абун. 34 Гьел руцІцІун чІана. Щайгурелъул гьел дагІбадулел рукІиндал жидеда гьоркьов бищун кІудиявлъун щивдай кколеван. 35 ГІиса гІодов чІана, ва жиндаго аскІове анцІила кІиявго муридги ахІун, гьес абуна: – Бищунго кІудиявлъун лъугьине бокьарав чи цогидазда гьоркьов бищунго гьитІинавлъун вукІа ва гьезие хъулухъалъе чІа. 36 Кодобе босун, ГІисаца цо лъимер гьезда гьоркьоб эхетизабуна ва, гьеб лъимада къвалги бан, абуна: 37 – Цо гьадинаб лъимер, дие гІоло, лъицаниги къабул гьабуни, гьеб бащалъизе буго дун къабул гьавиялда. Дун къабул гьавурав чияс, цохІо дун гуревги, дун нужехъе витІарав Аллагьги къабул гьавулев вуго. 38 Гьебмехалъ Иоанница абуна: – Я МугІалим! Нижеда ватана цо чи дур цІаралдалъун жундул рачахъулев; амма гьев чи нилъеда нахъвилълъунев гьечІо. Нилъеда нахъвилълъунев гьечІелъул, нижеца гьукъана досие гьеб иш гьабизе. 39 ГІисаца абуна: – Гьукъуге гьесие гьеб. Дир цІаралдалъун хІикмат бихьизабурав чиясда кІвезе гьечІо гьелдаса хадуб гьебсагІат дир хІакъалъулъ квешаб рагІи абизе. 40 Нилъеда дандечІоларев чи ккола нилъер рахъалда вугев чи. 41 ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: нуж МасихІил муридал рукІинги лъан, дие гІололъун нужее гьекъезе гел цІун лъим кьурав чи кириялдаса махІрумлъиларо. 42 Амма диде иман лъуразда гьоркьоса цониги лъимер гІадинав пулан мунагьалде цІалев чи ккани, гьобоги горбода бухьун, ралъдалъе рехиго лъикІаб букІинаан гьесие. 43 - 44 Дур квералъ мун мунагьалде цІалев вугони, къотІун рехе гьеб. Цояб квер камун, алжаналде ин лъикІ дуе, кІиябго квергун жужахІалъул свин гьечІеб цІадаве рехизегІан. 45 - 46 Дур бохалъ мун мунагьалде цІалев вугони, къотІун рехе гьеб. Цояб бох камун, алжаналде ин лъикІ дуе, кІиябго бохгун жужахІалъуве рехизегІан. 47 Дур бералъ мун мунагьалде цІалев вугони, бахъун рехе гьеб. Цо бергун Аллагьасул ПарччахІлъиялде ин лъикІ дуе, кІиябго бергун жужахІалъуве рехизегІан. 48 ЖужахІалъул борхьазе хвелги букІунареб, жужахІалъул цІадуе свинги букІунареб! 49 Къурбаналъул гьан, тІаде цІам щван, бацІцІад гьабулеб гІадин, щивав чи цІадудалъун вацІцІад гьавизе вуго. 50 ЦІам лъикІаб жо буго. Амма гьелъул цІамгІаллъи холеб бугони, кин нужеца гьеб нахъеги цІамгІаллъизабилеб? ЦІам цІуне нужелъго, ва цоцазда гьоркьор ракълида рукІа.

10

1 Гьениса вахъун Ягьудиялъул ракьалде щола ГІиса ва Иорданалъул добцояб рахъалда бугеб улкаялде уна. Нахъеги бакІарула гьесда аскІобе гІемераб халкъ. ГІисаца, жиндирго гІадаталда рекъон, гьенибги гьабуна гІадамазе вагІза-насихІат. 2 ГІисал хІалбихьизе рачІун, фарисеяз гьесда гьикъана: – Динияб къануналъ изну кьолебищ росас чІужу йиччан тезе? – абун. 3 Мусал къануналда кин бугебилан гьикъана гьезие жавабалъе ГІисаца. 4 Гьез абуна: – Мусаца изну кьун буго, «цІар тІамиялъе нугІлъи гьабулеб кагъат кодобе кьолеб бугони, чІужу йиччан тезе бегьулилан». 5 ГІисаца гьезда абуна: – Мусаца нужее гьеб Къанун хъвана нужер чанкІкІи сабаблъун. 6 Дуниял бижараб мехалдасаго Аллагьас рижана бихьинчиги чІужугІаданги. 7 - 8 «Гьединлъидал эбел-эменги рехун тун, бихьинчи чІела жиндирго чІужуялде вуссун, ва гьел кІиялго цолъун, цого лъугьина». Гьелдаса хадур кІиго рукІунаро гьел, цого рукІуна. 9 ХІасил, Аллагьас цолъизабураб инсанас батІалъизабизе бегьуларо. 10 Цинги рокъобги гьикъана муридаз гьелъулго хІакъалъулъ. 11 ГІисаца гьезие жаваб гьабуна: – ЧІужуги йиччан тун, цогидай ячарав чи, жиндирго йикІарай чІужуялда цеве мунагьалъукье ккола. Гьеб мунагьги зиналъун рикІкІуна. 12 Росасдаса ятІалъун цогидасе арай гІаданги зиначІужу ккола. 13 Жидерго лъимал рукІана гІадамаз ГІисахъе рачун рачІунел, гьезда цо квер хъвайилан гьарун. Муридаз гьел риччалел рукІинчІо. 14 Гьеб бихьидал, ГІисал ццин бахъана. Гьес абуна: – Лъимал дихъе рачІине риччай, гьезие квекІен гьабуге нужеца. Гьединазейин Аллагьасул ПарччахІлъи щун бугеб! 15 ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: Аллагьасул ПарччахІлъи лъимаца гІадин къабул гьабичІев чиясе гьенибе нух гьечІо. 16 ГІисаца гьел лъимал каранде къана, тІад кверал рахъун, гьезда баркат лъегиян дугІа гьабуна. 17 ГІиса гьениса унаго, цо чи вачІана векерун ва, гьесда цеве накабаздаги чІун, гьикъана: – Я лъикІав МугІалим! Абадияб рукъалъул бутІа щвеялъе щиб дица гьабизе кколеб? 18 ГІисаца гьесда абуна: – Щай дуца дида лъикІавилан абулеб? Щивниги лъикІав вукІунаро, цохІо Аллагь гурони! 19 Дуда лъалагури Аллагьасул амруял: «чи чІваге», «зина гьабуге», «цІогьодуге», «гьересинугІлъи гьабуге», «даран-базаралъулъ хІилла-рекІкІ гьабуге», «эбел-инсул адаб-хъатир гьабе». 20 Дов чияс ГІисае жаваб гьабуна: – Я МугІалим! ГІолохъанаб мехалдасаго тІуразарулел руго дица гьел амруял. 21 Гьев чи рекІее гІедал, гьесухъги валагьун, ГІисаца абуна: – Цо жо буго дуе камун: инеги ун, дурго бугеб кинабго боцІи-рикъзи биче ва мискин-пакъирасе садакъаде кье, гьелъухъ дуе насиблъила зобалазул хазина. Цинги дихъе вачІа, дида цадахъ вилълъине. 22 ГІисал рагІабаз ракІ лъукъарав гьев чи къваридго нахъе ана. Щайгурелъул гьев вукІун вуго кутакалда бечедав чи. 23 Гьебмехалъ сверухъ ругел гІадамазухъги валагьун, ГІисаца жиндирго муридазда абуна: – Бечедав чиясе Аллагьасул ПарччахІлъиялде ворчІизе захІмалъулеб куц! 24 Гьелъ муридал хІикмалъизаруна. ГІисаца нахъеги гьезда абуна: – Ле дир лъимал! Аллагьасул ПарччахІлъиялде лъугьине захІмалъизе бугеб куцха! 25 РукІкІадул ролъиялъусан лъугьине вараниялъего бигьа букІина, Аллагьасул ПарччахІлъиялде ворчІизе бечедав чиясеялдаса. 26 ЦІакъго хІикмалъун хутІарал гьез цоцазда абулеб букІана: – Гьедин батани, хвасарлъизе кІолев чигІаги щивдайха? 27 Гьезухъги валагьун, ГІисаца абуна: – ГІадамазда гьеб кІолареб, амма Аллагьасда кІолебха! Аллагьасда хІалкІолареб жо щибниги гьечІелъул! 28 Гьебмехалъ Пётрица гьесда абуна: – Гьале, кинабго рехун тун, ниж дуда цадахъ рилълъана. 29 ГІисаца гьесие жаваб кьуна: – ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: дие гІоло ва Рохалил хабаралъе гІоло мина-рукъги, вацал-яцалги, эбел-эменги, чІужу-лъималги, хур-ахги рехун тарав цониги чи хутІизе гьечІо, 30 гьелъухъ хІатта гьанже дуниялалъул рокъоб гІазаб-гІакъубаялдаго цадахъ, – гьелдаса нусцІулго цІикІкІун мина-рукъги, вацал-яцалги, эбел-эменги, лъимал-агьлуги, хур-ахги щвечІого, ва доба ахираталъул рокъоб абадияб гІумруги насиблъичІого. 31 Цере рукІарал чангиял тІарамагъаде ккела, тІарамагъада рукІаразул чангиял цере ккела. 32 Иерусалималдехун ралагьун унел рукІана гьел. ГІиса цеве-цеве вукІана. Гьесда хадур рачІунаго, гьесул муридал рахІат хун рукІана. Гьесда хадуб бачІунеб халкъги хІинкъун букІана. АнцІила кІиявго чапарги аскІове ахІун, нахъеги байбихьана гьес жиндиего ккезе бугелъул хІакъалъулъ бицине: 33 – Гьале нилъ Иерусалималде унел руго. Гьенив ГІадамил Лъимер кьезе вуго чІахІиял кашишзабаздаги диниял гІалимзабаздаги кодове ва гьезги гьев чІвазе къотІила. Цинги гьев кьела цогидаб халкъалъул гІадамазда кодове. 34 Гьезги инжит-хІакъир гьавила, тІаде тударила, цІалаца вухила, цинги чІвала ва лъабабилеб къоялъ хваралъуса вахъина гьев. 35 Гьебмехалъ гьесда аскІове вачІуна Зебедайил кІиявго вас – Якъубги Иоаннги. Гьез абула: – Я МугІалим! Нижее бокьун буго нижеца гьарараб жо дуца тІубазе. 36 ГІисаца гьикъана: – Дица щиб гьабизе нужее бокьун бугеб? 37 Гьез абуна: – Къудраталъул тахиде мун вахараб мехалъ, цояв кваранаб рахъалда, цогидавги квегІаб рахъалда, дуда аскІор гІодор чІезаре ниж. 38 ГІисаца гьезда абуна: – Нужедаго лъалеб гьечІо нужеца гьарулеб бугеб жо. КІвеладай нужеда дица гьекъезе бугеб лълъарги гьекъезе, дица бахине бугеб гІорги бахине? 39 КІвелилан жаваб кьуна гьез. ГІисаца абуна: – Дица гьекъезе бугеб лълъарги гьекъезе ккезе буго нужеца, дица бахине бугеб гІорги бахине ккезе буго. 40 Амма дир кваранабги квегІабги рахъалда гІодор чІезариялъул иш дида бараб гьечІо, БетІергьанасул хІукмуялда бараб буго. 41 Гьеб хабар рагІарабго, хутІарав анцІавго муридасул ццин бахъана Якъубидаги Иоаннидаги. 42 АскІореги ахІун, ГІисаца гьезда абуна: – Нужеда лъалагури цогидал халкъазул парччахІзабийилан рикІкІунел гІадамаз халкъалда тІад ханлъи гьабулеблъи, чІухІби-хІакимзабазги гІадамазда тІад жидерго ихтияр билълъанхъизабулеблъи. 43 Амма нужеда гьоркьоб гьедин букІине бегьуларо. Нужеда гьоркьоса лъиениги бищунго кІудиявлъун вукІине бокьани, гьев цогидазе хъулухъалъе чІа абе. 44 Нужеда гьоркьоса бищунго цеве вукІине бокьаравги киназего лагълъун вукІа абе. 45 Щайгурелъул ГІадамил Лъимерги лъицаниги жиндие хъулухъ гьабизе вачІун гьечІо. Гьев вачІун вуго цогидазе хъулухъ гьабизе ва гІемеразе гІоло рецІалие жиндирго рухІ кьезе. 46 Гьале гьел Иерихоналде щола. Цинги, жиндирго муридалгун цадахъ ГІиса гьениса къватІиве вахъунеб мехалъ, гІемераб халкъ букІана гьесда хадуб бачІунеб. Гьенив нухлул ракьанда кІусун ватана Бартимай (Тимайил вас) абулев цо бецав гьардухъан. 47 Назареталдаса ГІиса жинда цевесан унев вукІинги лъан, ахІдезе лъугьана гьев: – Я, Давудил вас ГІиса! ГурхІа мун дида! 48 ВуцІцІун чІайилан абуна гьесда гІадамаз. Амма гьев дагьабги гьаракь борхун ахІдезе лъугьана: – Я, Давудил вас! ГурхІа мун дида! 49 Гьенивги лъалхъун, ГІисаца абуна гьев чи жинда аскІове вачейилан. ГІадамаз Бартимайида абуна: – Гьа, ракІ гІодобе биччай гьанже! Вилълъа, мун жиндихъе вачеян абулеб бугин дос. 50 ТІад букІараб гІабаги гІодобе рехун, гьев кІанцІун тІаде вахъана ва ГІисада аскІове вачІана. 51 ГІисаца гьесда гьикъана: – Дица щиб гьабизе дуе бокьун бугеб? Бецас жаваб гьабуна: – Я, Раббуни! Беразда нахъеги канлъи бихьизе бокьун буго. 52 ГІисаца гьесда абуна: – А гьанже. Дурго божи-иманалъ сахлъизавуна мун. ГьебсагІат беразда канлъиги бихьун, ГІисада хадув къокъана гьев чи.

11

1 Гьел Иерусалималде щолел рукІана. Зайтуналъул магІарда аскІор ругел Бетфагиялде ва Бетаниялде гІагарлъидал, кІиго муридги аскІове ахІун, 2 ГІисаца гьезда абуна: – Гьудуб нилъеда цебе бугеб росулъе а нуж. Росулъе лъугьаралго, цо бакІалда бухьун батила жеги чи тІад рекІинчІеб кІудияб кІерт. Рухьадасаги бичун, гьебги бачун рачІа. 3 Нужеца гьабулеб щибилан гьикъулев чи ккани, гьесда абе нижер ТІадегІанав ГІисае къваригІун бугин гьеб; кватІичІого нахъе биччазе бугиланги абе. 4 - 5 Гьел ана. Гьениб гьезда батана къотІноб цо чиясул кавуялда бухьараб кІудияб кІерт. Рухьадаса гьеб бичулел рукІаго, гьенир рахъун чІун рукІарал гІадамаз гьикъана: – Нужеца гьабулеб щиб? Щай нужеца гьеб кІерт рухьадаса бичулеб? 6 ГІисаца малъухъе кьуна муридаз гьезие жаваб. Цинги доз гьалги риччан тана. 7 КІерт ГІисахъе бачун бачІана. Гьелъул гьодиде рехана гьез жидерго партал, ва ГІисаги гьелда тІад рекІана. 8 ГІемерисез, тІаса бахъун ретІел букІана нухда тІибитІулеб. Цогидаз абуни, магъилъ ругел гъутІбуздаса къотІун, гІурччинал гІаркьалаби рукІана гьесда цере тІиритІулел. 9 Гьесда цере-цере унезги хадур рачІунезги турки ахІулеб букІана: – Гьошанна! БетІергьанасул къудраталдалъун витІун вачІунев вугесда баркат лъеги! 10 ТІаде гІунтІулеб бугеб нилъер эмен Давудил ПарччахІлъиялда баркат лъеги! Гьошанна! ТІадегІанав Аллагьасе рецц! 11 Иерусалималде щваравго, ГІиса Мукъадасаб Рокъове лъугьана ва, киса-кибего бер щвезабун, хал-шал гьабуна. МаркІачІубер рукІкІинехъин букІиндал, анцІила кІиявго чапарги вачун, ГІиса Бетаниялде тІадвуссана. 12 Нахъисеб къоялъ радакьго вахъун Бетаниялдаса вачІунаго, ГІиса вакъана. 13 РикІкІадасанго гьесда бихьана тІад тІамах бараб цо инжиралъул гъветІ. ГъотІода пихъ гьечІодайилан аскІове индал, тІамах гурони, цониги инжир батичІо: инжир барщизе заман щун букІинчІо жеги. 14 Цинги ГІисаца гъотІода абуна: – Дуда тІад бижун пихъ тІокІаб лъицаниги киданиги квине хъван батугеги. Гьеб рагІана гьесул муридаздаги. 15 Гьале Иерусалималде щвана гьел. Мукъадасаб Рокъове лъугьун, гьенир даран-базаралда рукІарал гІадамал къватІире гъезе лъугьана ГІиса; гІарац хисулел чагІазул столал ва къурбаналъе хъвезе маккал ричулел чагІи тІад гІодор чІолел бакІал кІалагъоркье чІвазаруна. 16 Мукъадасаб Рукъалъул азбаралъусан гІадамаз къайи баччизеги гьукъана гьес. 17 Цинги ГІисаца, гьезие малъа-хъвай гьабун, абуна: – ТІехьалда хъван гьечІищ: «Гьаб Дир рукъалда цІар букІине буго киналго халкъазул как-диналъул рукъ», – абун. Нужецайин абуни гьаб хъачагъазул нохъоялде сверизабун буго. 18 ГІисал гьеб калам рагІидал, диниял гІалимзабиги чІахІиял кашишзабиги ургъизе лъугьана гьев тІагІинавизе рес киндай батилаян. Гьесукьа хІинкъун рукІана гьел, щайгурелъул ГІисал гІелмуялъ тІолабго халкъ хІикмалъизабун букІиндал. 19 Бакъ тІерхьунеб гІужалда шагьаралдаса къватІире рахъана ГІисаги муридзабиги. 20 Нахъисеб къоялъ радал тІадруссун рачІунаго балагьидал, доб инжиралъул гъветІ кьолболъанго бакъван бугоан. 21 ГІисаца абун рукІарал рагІабиги ракІалде щун, Пётрица гьесда абуна: – Я МугІалим! Балагье, сон нагІана кьураб инжиралъул гъветІ бакъван бугеб куц. 22 ГІисаца гьезда абуна: – Аллагьасде божи-иман цІуне нужеца. 23 ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: рекІелъе щаклъиги ккезе биччачІого, жинца абухъе лъугьине букІиналдаги божун, пуланав чияс гьаб мегІералда абуни, гьаниса бахъун ун ралъдалъе кІанцІеян, мегІер гьесие мутІигІлъизе буго. 24 Гьединлъидалин дица нужеда абулеб бугеб: дугІадулъ нужеца Аллагьасда щиб гьарулеб бугониги, нуж божа гьес нужер гьари тІубан бугилан. ТІубазеги бугебха гьеб! 25 - 26 Гьари-дугІаялъе Аллагьасда цере чІараб мехалъ, нужер ццин бугел гІадамал ратани, гьезда тІасалъугьа, гьебмехалъ Зобалазда вугев нилъер Эменги лъугьине вуго нужер къосиналда тІаса. 27 Нахъеги Иерусалималде щвана гьел. Мукъадасаб Рокъов жанив тирулев ГІиса вугеб мехалъ, гьесда аскІоре рачІана чІахІиял кашишзаби, диниял гІалимзаби, чІухІби-хІакимзаби. 28 Гьез ГІисада гьикъана: – Гьаб хІалтІи гьабизе ихтияр бугебищ дур? Лъица дуе гьеб ихтияр кьураб? – абун. 29 ГІисаца гьезие жавабалъе абуна: – Дицаги кьела нужее цо суал. Нужеца гьелъие жаваб кьуни, гьебмехалъ бицина дица нужеда лъица дие гьеб ихтияр кьурабали. 30 Лъадалъ ччун рахъун гІадамал рацІцІад гьаризе ихтияр ЯхІяе кисан щун букІараб: зобалаздасанищ яги гІадамаздасанищ? Кье дие жаваб. 31 Цоцазда гьоркьоб хабар ккана гьезул. «Зобалаздасан букІанин абуни, гьес нилъеда абилагури, гьедин батани, щайха нуж ЯхІяда божичІелилан. 32 ГІадамаздасан букІанин абуни.» Гьедин абизеги, халкъалъукьа хІинкъун рукІана гьел, киназго ЯхІя хІакъав авараглъун рикІкІунев вукІиндал. 33 Жидеда лъаларилан жаваб кьола ГІисае гьез. ГІисаца гьездаги абула: – Дица нужедаги бицинаро лъил ихтияралдалъун гьаб хІалтІи гьабулеб бугебали.

12

1 Мисал бачун, гьезие гьадинаб хабар бицине байбихьана ГІисаца: – Цо чияс, цІолбол ахги гьабун, сверун чали къан буго, чагъир жаниб цІцІуйзе чаналъе гвендги бухъун буго, хъаравуласе борхатаб хъощги бан буго. Цинги ахихъабазухъе ижараялъе гьеб ахги кьун, гьев къватІиве ун вуго. 2 ЦІибил барщараб мехалъ, гьес дол ижарачагІазухъе цо рагьтІател витІун вуго жиндие кколеб бутІа босизе. 3 Доз кквезеги ккун гьев рагьтІател вухун вуго ва чІового нахъе хъамун вуго. 4 Гьанже ахил бетІергьанас цоги рагьтІател витІун вуго. Гьесулги бетІер лъукъун буго, инжит-хІакъир гьавун вуго. 5 Нахъеги витІун вуго цоги батІияв. Гьевги доз чІван рехун вуго. ГІемерал цогидалги ритІун руго. Гьелги доз цоял рухун, цогидал чІван руго. 6 Цинги гьесул хутІун вуго гьениве витІизе цохІо чи – гьесие вокьулев вас. Ахирги гьев витІун вуго ахил бетІергьанас, жиндир васасулгІаги хІурмат гьабилародайилан абун. 7 Амма ижарачагІаз цоцазда абун буго: «Гьале гурищ ирсилав. РачІа гьав чІвазе, – ирсги нилъеего хутІила». 8 Кквезеги ккун, чІвала гьез гьев, гьесул жаназаги ахикьа къватІибе рехула. 9 Гьанже щиб гьабилеб дов ахил бетІергьанас? ВачІинеги вачІун, чІвала гьес гьел, ахги цогидазухъе ижараялъе кьела. 10 Унго нужеца киданиги ТІехьалда цІалунгойищ букІинчІеб гьадинаб калима: «Къадалъ лъезецин ярагьунарилан къадахъабаз нахъе рехараб гамачІ битІахъе цололъ лъун буго. 11 Гьединаб букІун буго БетІергьанасул хІукму. Нилъер берда цебе лъугьараб кІудияб мугІжизат буго гьеб!» 12 Гьеб мисал жидер рахъалъ бачараб букІин бичІчІана чІахІиял кашишзабазда. ГІиса кквезе хІаракат бахъулеб букІана гьез. Амма халкъалъукьа хІинкъун тезе ккана. Живго гьевги тун, нахъе ана гьел. 13 Цинги гьез цо-цо фарисеялги гьеродилалги ритІула ГІисахъе, гьесул кІал таризабизе кІоларищали бихьизе. 14 РачІун гьез ГІисада абула: – Я МугІалим! Нижеда лъала мун ритІухъав чи вукІин. Лъилниги мурад цІунун, гьесие хІелиги дур пикруялда рекъоларо. Чи вихьун иш гьабулеб гІамалги дур гьечІо. Аллагьасул хІакъаб нух буго дур малъиги. Бице нижеда: къануналда рекъон, бегьулебищ къайсарасе магъало кьезе яги бегьуларебищ? Гьа, кьелебищ гьеб нижеца яги кьеларебищ? 15 Гьезул хІилла-рекІкІги бичІчІун, ГІисаца абуна: – Щай нужеца дир хІалал рихьулел? Бихье, цо динар босе гьанибе дихъе. 16 Гьез гьеб босун бачІуна. Гьебмехалъ ГІисаца гьикъула: – Лъил суратги хъвай-хъвагІайги гьалда бугеб? Къайсарасул бугилан абуна гьез. 17 – Къайсарасулаб къайсарасе кье, Аллагьасулаб Аллагьасе кье, – ян абуна ГІисаца гьезда. Гьесул жавабалъ хІикмалъизаруна гьел. 18 Цинги ГІисахъе рачІана къиямасеб къоялъ хварал тІаде рахъине рукІиналде инкар ккун чІарал саддукеял абулел гІадамал. Гьез ГІисада абуна: 19 – Я МугІалим! Мусаца нилъее бихьизабун буго: «Цо пуланав чиясул вац хвани, гьесдасан лъимерги нахъе хутІичІони, гьесул вацас яче абе жиндирго хварав вацасул лъади, дов хварав вацасул наслу къинчІого букІине». 20 Масала, анкьго вац вукІун вуго. ЧІужу ячун хадув, лъимерги нахъе хутІичІого, хун вуго кІудияв вац. 21 Цинги гьей ячун йиго хадусев вацас, амма лъимер лъугьиналдего, гьевги хун вуго. Гьебго жо лъугьун буго лъабабилев вацасулги. 22 Гьедин анкьавго вацас ячун йиго гьей, ва цонигиясе лъимерги лъугьун гьечІо. Ахиралда жийгоги хун йиго. 23 ХІасил, гьей анкьго росасул лъадилъун йикІарай гІадан къиямасеб къоялъ лъил чІужулъун йикІине йигей? 24 Гьезие жавабалъе ГІисаца абуна: – ТІухьдузда бугеб лъангутІиялъ, яги Аллагьасул къудраталда божунгутІиялъцин гурищ нуж къосинарун ругел? 25 Къиямасеб къоялъ тІаде рахъаразда гьоркьор я лъудби, я росал рукІине гьечІо, зобалазда ругел малаикзабазул гІадинаб гІумру букІине буго доба гьезулги. 26 Хварал тІаде рахъине рукІиналъул хІакъалъулъ цІаличІебищ нужеца Муса аварагасул хІакъалъулъ бицараб тІехьалда? ЦІа рекІун бугониги, бухІунго лъугІулареб хъарахъалда аскІоб Аллагьас гьесда абурабила: «Дун вуго Ибрагьимил Аллагь, ИсхІакъил Аллагь, Якъубил Аллагь». 27 Аллагь – гьев хваразул Аллагь гуро, чІагоязул Аллагь вуго. Кутакалда къосун руго нуж! 28 Гьезул бахІсалъухъ гІенеккун вукІарав ва ГІисаца кьураб камилаб жаваб рагІарав цо динияв гІалимчияс, аскІове вачІун, гьесда гьикъана: – Къануналда бищунго аслияб амру щиб кколеб? – абун. 29 ГІисаца гьесие жаваб кьуна: – Бищунго аслияблъун ккола гьадинаб: «ГІенекке, Исраилил уммат! Нилъер БетІергьан Аллагь цохІо вугев БетІергьан вуго! 30 Дурго БетІергьан Аллагь дуе вокьа дур тІолабго ракІалдалъун, дур тІолабго рухІалдалъун, дур тІолабго гІакълу-пикруялдалъун, дур тІолабго къуват-жаналдалъун». 31 КІиабилебги: «Мунго гІадин вокьа дуе дуда аскІов вугевги». Гьеб кІиялдасаго тІадегІанаб амру гьечІо. 32 Динияв гІалимчияс абуна: – ЛъикІ буго, МугІалим! ХІакъаб рагІи абуна дуца, Аллагь цо вугилан ва Аллагь тун батІияв цоги бетІергьанги гьечІилан. 33 Жиндир тІолабго ракІалдалъун, тІолабго гІакълу-пикруялдалъун, тІолабго къуват-жаналдалъун Аллагь вокьулев вугони ва жинда аскІов вугевги вокьулев вугони, инсанасе гьеб цІикІкІине буго гьесул киналго батІи-батІиял къурбаназдаса. 34 Гьесул гІакъилаб калам рагІараб мехалъ, ГІисаца гьесда абуна: – Аллагьасул ПарччахІлъиялдаса мун рикІкІад гьечІевин. Гьелдаса хадуб тІокІаб лъилниги бахІарчилъи гІечІо ГІисада щибниги гьикъизе. 35 Хадубги Мукъадасаб Рокъоб вагІза гьабулаго, ГІисаца абуна: – Диниял гІалимзабаз щай абулеб МасихІ Давудил вас вугилан. 36 Илагьияб РухІалъ малъун Давудица жинцаго гурищ абулеб бугеб: «ТІадегІанав Аллагьас дир БетІергьанасда абуна: „Дир кваранаб рахъалда гІодов вукІа, дица дур тушбаби дур хІатІазда цере чІезаризегІан“». 37 Гьедин Давудица жинцаго МасихІиде жиндир БетІергьанилан абулеб бугони, Давудил вас кин гьев кколев? ГІемераб халкъ букІана ГІисал гьединал вагІзабазухъ гъира-цІаялда гІенеккун. 38 ГІисаца гІадамазда малъулаан: – Воре, гьал диниял гІалимзабаздаса цІунун чІа нуж. Гьезие бокьула халатал гІабабиги ретІун хьвадизе, базаркъотІноб халкъалъ жидеего салам кьезе, 39 синагогабазда жанир киназдасаго церегІан гІодор чІезе ва гьоболлъухъ кванил тІотІода нахъа бищунго хІурматияб бакІ кквезе. 40 Рос хун хутІарал къоролзабазул боцІи-рикъзиги кванала гьез, рихьдаего халатал дугІаби гьарула. Гьеб кинабго цІикІкІун гьабунагІан, гІасияб букІине буго гьезие тамихІ. 41 Мукъадасаб Рокъоб садакъаде гІарац лъолеб бакІалда дандвитІун гІодовги чІун, ГІиса валагьун вукІана гьенибе гІарац рехулел гІадамазухъ. Чанги бечедал гІадамаз гІемераб гІарац рехулеб бугоан гьенибе. 42 ЯчІун цо мискинай къоролалъ рехана бащдаб капекалъул багьаяб кІиго пахьул гІарац. 43 Жиндирго муридалги аскІоре ахІун, ГІисаца гьезда абуна: – ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: гьанибе садакъаде гІарац рехаразул бицани, гьадай мискинай къоролалъ бищунго цІикІкІунин кьураб. 44 Цогидаз садакъа гьабуна жидерго боцІи-рикъзи тІокІлъун, долъин абуни жиндиего хІажат букІаниги, садакъаде кьуна жиндирго бетІербахъиялъе хутІун букІарабщинаб.

13

1 ГІиса Мукъадасаб Рокъоса къватІиве лъугьиндал, гьесул цо муридас гьесда абуна: – Я МугІалим! Гьал къадазулъ лъурал ганчІазул чІахІалъи, гьаб минаялъул кІодолъи! 2 Гьесие жавабалъе ГІисаца абуна: – Гьаб кІудияб кІалгІа бихьулагури дуда? ГанчІида лъураб цониги гамачІ хутІиларо гьаниб кІалагъоркье чІвачІого. 3 Мукъадасаб Рукъалда дандбитІухъе, Зайтуналъул магІарда гІодов чІун ГІиса вугеб мехалъ, батІаго гьесда аскІоре рачІун, Пётрицаги, Якъубицаги, Иоанницаги, Андрейицаги гьарана: 4 – Гьаб дуца абулеб бугебщинаб иш кида лъугьине бугебали ва гьеб лъугьинехъин букІиналъе кинаб гІаламат загьирлъизе бугебалиги бице нижеда. 5 Гьезие жаваб гьабун, ГІисаца байбихьана: – Воре, цо лъицаниги къосинаризе гурин нуж! 6 Чанги вукІине вугелъулха, жив дун вугилан абун вачІунев чи. Чангиял гьез къосинаризеги руго. 7 Рагъал ккун ругилан ва ккезехъинги ругилан рагІани, гьелдаса нуж хІинкъуге. Гьеб цебеккунго лъугьине ккола, ва гьеб жеги ахирзаман гуро. 8 Цо халкъ цоги халкъалде, цо ханлъи цоги ханлъиялде тІаде кІанцІила. БакІ-бакІалда ракь багъарила, ракъи баккила. Гьеб ккола лъимер гьабизе хІара чІваялъул гІадинаб унтиялъул байбихьи. 9 Нужеца нужеего гІамал гьабе: щаян абуни, дун сабаблъун нуж судалде ахІила, синагогабазухъе рачун рухила, наибзабазда ва парччахІзабазда цере чІезарила, дир муридал ругилан нугІлъи гьабизе. 10 Амма ахирзаман тІаде щвелалде киналго халкъазда Рохалил хабар лъазабун букІина. 11 Судалда цере чІезе нуж рачараб мехалъ, щибдай бицинаян цебеккунго ургъел ккоге нужеда. ГьебсагІат нужерго рекІелъе рещтІараб жо абун биччай. Щайгурелъул нуж гуро гьебмехалъ кІалъазе ругел, нужер рекІелъе рещтІараб Илагьияб РухІин кІалъазе бугеб. 12 Вацас вац кьезе вуго чІвазе, инсуца вас кьезе вуго. Жидерго эбел-инсуда данде рахъун, лъималаз гьелги кьезе руго чІвазе. 13 Дун сабаблъун киналго гІадамазда рихина нуж. Амма ахиралде щвезегІан сабру гІурав чи хвасарлъила. 14 БукІинего бегьулареб бакІалда чІунтелалъул къабихІлъи бихьила нужеда, – цІалулесда лъалин гьелъул магІна, – гьебмехалъ мугІрузде лъута абе Ягьудиялда ругелал. 15 Гьеб къоялъ тІохда вугев гъоркье рещтІунгеян абе, къваригІараб-тараб босизе рокъове жаниве лъугьунгеян абе. 16 Хурив вугевги жиндирго ретІел босизе нахъвуссунгеян абе. 17 Вай, къинал руччабазе ва каранда хахулел лъимал ругел улбузе букІинаха дол къояз кІудияб къварилъи-гІазаб! 18 Хасало лъутизе ккогегиян гьари-дугІа гьабулел рукІа нуж. 19 Щаян абуни, гьебмехалъ рещтІине буго Аллагьас дуниял бижаралдаса гьанжелъагІан букІинчІеб ва хадубккун букІине къотІиги гьечІеб гІадинаб балагь. 20 Гьел къоял къокълъизаризе БетІергьанасул къадар букІинчІебани, цониги рижи хвасарлъизе букІинчІо. Амма жинцаго тІаса рищарал гІадамазе гІоло гьел къоял къокъ гьаризе хІукму буго гьесул. 21 Гьебмехалъ нужеда лъицаниги абуни МасихІ гьале гьанив вугилан, яги дова вугилан, – воре, нуж гьелда божуге. 22 Щаян абуни, гІемер рукІине руго гьебмехалъ гьересимасихІалги гьересиаварагзабиги. Бажарани, хІатта тІаса рищарал муъминзабигицин къосинаризе бокьун, чанги гІаламатал ва мугІжизатал рихьизарила гьез. 23 Воре, нуж цІодорго чІа; гьале дица цебеккунго лъазабун толеб буго нужеда! 24 Дол къоязда, гьеб гІакъуба-къварилъиялдаса хадуб, бакъул нур тІагІун ина, ва моцІрол канлъиги ссун ина. 25 ЦІваби зодиса гІодоре гъенон рачІина, ва къвакІарал зобалги гьаргьадила. 26 Ва гьебмехалда вихьила накІкІазда гьоркьосан бергьараб къудраталда ва кІодолъиялда ГІадамил Лъимер вачІунев. 27 Зоб-ракьалъул цо рагІалдаса цоги рагІалде щвезегІан ункъабго рахъалдаса жинцаго тІаса бищараб агьлу данде бакІаризе жиндирго малаикзабиги ритІила гьес. 28 Нужеца мисалалъе босе инжиралъул гъветІ. Гьелъул гІаркьалабазда гІекІ базе ва тІамах бижизе байбихьараб мехалъ нужеда лъала рии тІаде щолеб бугеблъи. 29 Гьелдаго релълъун, гьал дица рицарал гІаламатал загьирлъараб мехалъ, нужеда лъала гьеб нуцІикІалтІе щун бугеблъи. 30 ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: дуниялалда гьаб наслу букІаго лъугьине буго гьеб кинабго. 31 Зобалги ракьалги тІагІаниги, дир рагІаби нахъе хутІизе руго. 32 Амма цониги инсанасда лъаларо гьеб къо, гьеб сагІат кида тІаде щвезе бугебали. Я зобалазул малаикзабазда лъаларо, я Васасда лъаларо, гьеб лъала цохІо Инсуда. 33 Воре, нуж рорчІуда чІа, кида бачІунебали лъаларелъул гьеб заман. 34 Масала, пуланав чи сапаралъ унев вугони, гьес щивасе хІалтІи бикьун рукъалъул иш рагьтІателазда тІадкъан тола ва кавудул кІалтІа вугев хъаравуласдаги абун тола ворчІуда чІайилан. 35 Гьедин нужги рорчІуда чІа! Нужеда лъаларелъул рукъалъул бетІергьан кида тІадвуссун вачІиневали: маркІачІумехалъищ, яги сордо бащалъараб мехалъищ, яги радакье хІелеко бахъараб мехалъищ, яги рогьа-роцІараб мехалъищали. 36 Гурони, тохлъукье тІаде рехун гьев вачІараб мехалъ, кьижун ратила гьесда нуж! 37 Нужеда гуребги, цогидаздаги абулеб буго дица: воре, нуж рорчІуда чІа!

14

1 КІиго къо хутІун букІана Пасхаялъул ва РеччичІел Панкъазул Байрамалъул анкь тІаде щвезе. ЧІахІиял кашишзабиги диниял гІалимзабиги ургъулел рукІана хІилла-рекІкІалдалъун кквезеги ккун ГІиса чІвазавизе рес кколарищали. 2 Амма абулеб букІана байрамалъул къоялъ лъикІ гурилан, халкъалъул дандечІей багъаризе бегьулилан. 3 Барасалъ унтарав Симон абулев чиясул бакІалда Бетания росулъ кваназе гІодов чІун ГІиса вугеб мехалъ, тІаде ячІуна махІ гьуинаб цІакъ къиматаб ва бацІцІадаб нахул цІураб щагІил сурахІиги босун, цо пуланай чІужугІадан. СурахІиги бекун, гьелъ гьеб нах ГІисал ботІроде чІехьола. 4 Гьенир рукІарал цо-цо гІадамал ццин бахъун лъугьуна. Гьез цоцазда абулеб букІана: – Щай гьабгощинаб нах гІадада хвезабулеб? 5 Бичун букІарабани, лъабнусго динаралдаса цІикІкІараб гІарац щвелаан гьелъухъ, цинги мискинзабазе садакъаде кьезе бегьилаан гьеб. Гьедин гьей чІужугІаданалдаса рази гьечІого гаргадилел рукІана гІадамал. 6 ГІисаца гьезда абуна: – Те гьей жийго! Щай нужеца гьей къварид гьаюлей? Дие лъикІлъи гьабулейлъидал гьей йигей. 7 Мискинзаби кидаго ратила нужеда аскІор, бокьанщинахъе нужеца садакъа кьезе. Дунин абуни кидаго гуро нужгун вукІунев. 8 Гьелъ гьабуна жиндихъа бажарулеб иш; цебеккунго дир черхалда тІаде махІ гьуинаб нахги тІун, хабалъейин гьелъ дун къачІалев вугев. 9 ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: тІолабго дуниялалда Рохалил хабар лъазабунщинаб бакІалда бицен букІине буго гьай гІаданги ва гьалъ дие гьабураб лъикІлъиги ракІалде щвезабун. 10 АнцІила кІиявго чапарасда гьоркьов вукІарав Ягьуда Искариот ана гьебмехалъ чІахІиял кашишзабазухъе, ГІиса гьезда кодове кьезе разилъун. 11 Гьеб хабаралдаса дол цІакъ рохана, ва Ягьудае гІарац кьезе къотІиги гьабуна гьез. Цинги Ягьудаца балагьулеб букІана ГІиса гьезул кверде кьезе санагІалъи бугеб бакІги заманги. 12 РеччичІел Панкъазул Байрамалъул тІоцебесеб къоялъ, Пасхаялъул къурбаналъе кьегІер хъолеб къоялъ, муридаз ГІисада абуна: – Пасхаялъул квен киб кваназе дуе бокьилеб? Инеги ун, нижеца хІадур гьабила гьеб. 13 Гьебмехалъ ГІисаца жиндирго кІиго муридасда тІадкъала: – Нуж а гьанже шагьаралде. Лъел гІеретІги цІун вачІунев цо чи ватила нужеда. Нуж гьесда хадур а. 14 Цинги гьев жаниве лъугьараб рукъалъул бетІергьанасда нужеца абе: «МугІалимасе лъазе бокьун буго жиндирго муридалгун цадахъ Пасхаялъул квание рукъ киб бугебали». 15 Гьес нужеда бихьизабила чІухІизабун къачІараб гІатІидаб тІасарукъ. Гьеле гьениб гьабе нужеца нилъеего Пасхаялъул квен. 16 КІиявго мурид шагьаралде ана ва гьенире щведал, ГІисаца абухъе, ишги тІубана. Цинги Пасхаялъул квенги хІадур гьабуна. 17 Дуниял рукІкІараб мехалъ анцІила кІиявго чапаргун цадахъ ГІиса гьенив парахалъула. 18 ГІодор чІун кваналел рукІаго, ГІисаца абула: – ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: дида цадахъ гьанир кваналел ругел нужер цояв дие хилиплъила. 19 ЦІакъ пашманлъун лъугьуна гьел. Цин-циял рахъун цІехола: – Дун гуро гурищ? – абун. 20 ГІисаца гьезда абула: – Дида цадахъ гьаб гъадриниб чед ччулев вугев анцІила кІиявго чапарасда гьоркьов вуго гьев. 21 ГІадамил Лъимадул иш ккезе буго ТІухьдузда хъван бугеб куцалда. Амма квешаб балагь рещтІине бугебха ГІадамил Лъимер тушбабазул кверде кьурав чиясде. Дуниялалда вижичІевани лъикІан гьесие. 22 Гьедин кваналел рукІаго, ГІисаца, цо чедги кодобе босун, тІаде дугІаги гьабун, бек-бекун гьезухъе кьуна: – Босе, кванай. Гьаб буго дир черх! 23 Цинги, чогърол цІураб щурунги кодобе босун, Аллагьасе реццги гьабун, гьезухъе кьуна ГІисаца. Кинацаго иргадал гьекъана гьеб щурумалъуса. 24 Гьес абуна: – Гьаб буго гІемерав чиясе гІоло тІолеб дир би – ЦІияб КъотІи щулалъиялъе тІолеб би. 25 ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: Аллагьасул ПарччахІлъиялда цІияб чагъир гьекъолеб къо тІаде гІунтІизегІан дица гьаб цІолбол цІцІураб жа тІокІаб гьекъезе гьечІо. 26 Цинги гьез туркаби ахІана, гьениса рахъун ун, Зайтуналъул магІарде рахана. 27 ГІисаца гьезда абула: – ЯхІ рехизе буго нужеца кинацаго, ТІехьалда хъван бугелъул: «Дица вехь чІвала, гІиги рахъ-рахъалде тІурун ина». 28 Хун хадув чІаголъараб мехалъ нужедаса цеве щвела дун Галилеялде. 29 Пётрица гьесда абуна: – Киназго яхІ реханиги, дица яхІ рехиларо. 30 ГІисаца гьесда абула: – ХІакълъун абулеб буго дица дуда: гьанже радакье хІелеко кІицІул гІегІедилалде лъабцІулго инкар гьабизе буго дуца дидаса. 31 Амма Пётрица цІакъ ракІчІезабун абулеб букІана ГІисада: – Дуда цадахъ хвезе кканиги, дица дудаса инкар гьабизе гьечІо, – ян. Гьединго абулеб букІана киналго цогидазги. 32 Гьале гьел щвана Гетсемания абулеб бакІалде. ГІисаца жиндирго муридазда абуна: – Нуж гьанир гІодор чІун рукІа, дун Аллагьасе гьари-дугІа гьабун вачІинегІан. 33 Пётрги, Якъубги, Иоаннги рачана ГІисаца жиндаго цадахъ. РакІ хІинкъараб ва къваридаб ургъалилъе ккана гьев. 34 ГІисаца гьезда абуна: – Хвалил гІазаб буго дир рекІее. Нуж гьанир рукІа! РорчІуда чІа! 35 Цинги, дагьав довегІанги ун, кІалагъоркьеги речІчІун, Аллагьасда гьардезе лъугьана, бегьулеб батани гьеб хвалил сагІат рикІкІад гьабейилан. 36 Гьес абулеб букІана: – Абба! Я дир Эмен! Мун сундуего хІалкІолев вугелъул, гьеб хвалил лълъар гьекъезабуге дида. Амма дие бокьухъе гуреб, дуего бокьухъе букІине биччанте! 37 ТІадвуссун вачІиндал, ГІисада гьел кьижун ратана. Гьес Пётрида абуна: – Симон! Кьижунищ мун вугев? Цо сагІаталъ кьижичІого яхІ гьабизе кІвечІеб къагІидаха дуда? 38 Воре, нуж рорчІуда чІа! Гьари-дугІаялде русса, нужго къосинарунгутІизе. Инсанасул рухІ – лебалаб, черх – загІипаб. 39 Нахъеги довегІанги ун, додинго Аллагьасда гьардезе лъугьана ГІиса. 40 Гьанжеги тІадвуссун щведал, ГІисада гьел ратула, беразул тІелхал бакІлъун, кьижун ккун. Щиб жаваб кьелебали лъаларого хутІана гьел. 41 Лъабабизеги додинго тІадвуссун щведал, ГІисаца гьезда абула: – Нуж жеги рахІаталда кьижунищ ругел? Гьале, тІубанагури кинабго! ТІаде гІунтІана доб ГІадамил Лъимер мунапикъзабазул кверде кьолеб сагІат. 42 Гьа, рахъа! Доле хиянатчи тІаде щолев вугин! 43 ГІисаца гьедин абулаго, тІаде щвана Ягьуда, дол анцІила кІигояздасан цояв. Гьесда цадахъ хвалчабигун ва тІилалгун тІаде бачІунеб букІана чІахІиял кашишзабазги, диниял гІалимзабазги, чІухІби-хІакимзабазги битІараб гІемераб халкъ. 44 Хиянатчияс гьезда лъазабун букІана: «Дица убач гьабурав чи ГІиса вукІина. Цинги ккве нужеца гьев. Вореха, хъаравуллъи кутакаб чІезабе!» 45 Ягьуда битІун ГІисада аскІове уна, «Рабби!» – янги абун, гьесда убач гьабула. 46 ГьебсагІат тІад речІчІун гІадамаз ГІиса къан ккола. 47 Гьебмехалъ ГІисал цо муридас бахъун хьвагІараб хвалчаца цо чиясул (гьев вукІана кІудияв кашишасул рагьтІател) гІин къотІун рехула. 48 Гьездехун вуссун ГІисаца абула: – Хвалчабигун, тІилалгун хъачагъасде гІадин кІанцІанагури нуж дун кквезе. 49 Щибаб къоялъ нужее вагІза-насихІат гьабулев Мукъадасаб Рокъов вукІунаангури дун. Гьениб нужеца диде квер борхичІо. Амма ТІехьалда хъвараб ритІухълъизе биччанте! 50 Гьебмехалъ ГІисал киналго муридал, вукІаралъув гьевги тун, лъутун уна. 51 ГІицІаб черхалда тІад шаршавги жемун, цо гІолохъанчи вукІана гьесда хадув вачІунев. Амма рагъухъабаз гьев къан ккуна. 52 Шаршавги гъоркьго тун, толохІочго лъутун ворчІана гьев. 53 ГІиса вачана бищунго кІудияв кашишасухъе. Гьенир данделъун рукІана чІахІиял кашишзаби, чІухІби-хІакимзаби ва диниял гІалимзаби. 54 Пётрги вукІана нахъа-нахъа чІун вачІунев. Бищунго кІудияв кашишасул азбаралъувеги лъугьана гьездаго хадув цун. Цинги рагъухъабазда аскІов кІусун, цІадухъ хинлъулев вукІана. 55 Гьебмехалъ чІахІиял кашишзабазги тІолабго тІадегІанаб судалъги балагьулеб букІана ГІиса чІвазе къотІиялъе гІураб гІайиб гьесде гІунтІизабизе цогІаги нугІлъи. Амма гьеб гьезухъе щолеб букІинчІо. 56 ГІемер рукІана гьересинугІлъи гьабулел чагІи, амма гьез бицараб жо данде кколеб букІинчІо. 57 Цере рахъун цо-цо гьересинугІзаз гьадин абулеб букІана: 58 – Нижеда рагІана гьес абулеб гьаб инсанасул квераз гьабураб Мукъадасаб Рукъ щущазабила дица ва лъабго къоялде, лъицаниги квер хъвачІого, цІидасан банги кьелаян. 59 Амма гьелъие нугІлъи гьабулел гІадамаз бицунебгицин данде кколеб букІинчІо. 60 Гьебмехалъ тІаде вахъун бакьулъ эхетун бищунго кІудияв кашишас ГІисада гьикъана: – Дуда данде нугІлъи гьабун гьаз бицунеб бугеб жоялъе жаваб кьезе рагІигойищ дур гьечІеб? 61 ГІиса, микъан кІалъачІого, вуцІцІун чІун вукІана. Бищунго кІудияв кашишас цоги суал кьуна гьесие: – Бице, мунищ кколев РахІманасул Вас МасихІ? 62 – У, – ян абуна ГІисаца. – Нужеда вихьила ГІадамил Лъимер, Къудратав Аллагьасул кваранаб рахъалда гІодов чІунги ва зобалазул накІкІул парчабазда тІад вачІуневги. 63 Гьебмехалъ бищунго кІудияв кашишас, жиндаго тІад букІараб ретІелги тІу-тІун балаго, абуна: – ТІокІалги сундуе нилъее нугІзал къваригІарал? 64 Нужеда рагІанагури гьасул гІасиял-пасикъал рагІаби. Щиб пикру нужер бугеб? Киназго абуна гьев чІвазе къотІизе кколилан. 65 Рахъун цо-цоял гьесде тударулел рукІана. Беразда чІортоги бухьун, кьабулеб букІана гьесда: – Ле, авараг, лъица кьабурабали бице! – янги абулаго. Цинги рагъухъабиги лъугьана гьев вухизе. 66 Азбаралъув гъоркьа вукІарав Пётрида аскІое ячІана бищунго кІудияв кашишасул цо гъараваш. 67 ЦІадухъ гІодов чІарав гьесухъги ялагьун, гьелъ абуна: – Мунги вукІанагури Назареталдаса ГІисада цадахъ. 68 НагІадала ккун инкар гьабуна Пётрица. Дуца бицунеб жо щибилан, гьеб жинда бичІчІуларилан чІана гьев. Цинги Пётрица къватІибехун нух босана. Гьебмехалъ бахъана хІелеко гІегІедулеб гьаракь. 69 Нахъеги гьев вихьун, гъаравашалъ гьенир рукІаразда бицана гьавги дозул чи вугилан. 70 Гьанжеги нагІадала ккуна Пётрица. Цо заманаялдасан нахъеги тІаделъана гьесде дол гІадамал хІакъикъаталдаги мун дозул чи вугин, мунги Галилеялдаса вукІине кколин. 71 Амма Пётр Аллагьасул цІар бахъун гьедаризе лъугьана гьев нужеца бицунев чи жинда лъаларилан. 72 Гьебмехалъ кІиабизеги гІегІедана хІелеко. Пётрида ракІалде щвана ГІисаца жинда абун рукІарал рагІаби: радакье бахъун хІелеко кІицІул гІегІедилалде лъабцІулго инкар гьабилин дуца дидасайилан. ГІек-гІекиялда гІодана гьебмехалъ Пётр.

15

1 Дуниял рогьарабго, чІахІиял кашишзабиги, чІухІби-хІакимзабиги, диниял гІалимзабиги ва тІолабго тІадегІанаб судги данделъун хІукму тасдикъ гьабуна ва, вухь-вухьун вачун, ГІиса Пилатихъе кьуна. 2 Пилатица ГІисада гьикъана: – Мунищха кколев жугьутІазул парччахІ? ГІисаца жаваб кьуна: – Дуца абулеб бугоха гьедин. 3 ЧІахІиял кашишзабаз гьениб гІемер батІи-батІияб гІайиб гІунтІизабуна ГІисаде. 4 Пилатицайин абуни нахъеги гьикъана ГІисада: – Дуца жавабго кьолареб кинаб? Дуде гьаз гІунтІизабулеб бугебщинаб гІайиб бихьуларищ? 5 Гьел суалазеги ГІисаца щибго жаваб кьечІелъул, Пилат гІажаиблъун-хІикмалъун хутІана. 6 ГІадат букІана халкъалъ цІар чІварав цо туснахъ Пилатица байрамалъул къоялъ къватІиве виччалеб. 7 Пуланаб питнаялда гІахьаллъун чи чІварал гІадамазда цадахъ гьебго заманалда жанив тІамун вукІана Барабба абулев цо чи. 8 Кидаго гІадин жидер мурад тІубаян гьаризе рахъун ахІи базе лъугьана гІадамал, гъун-чІван Пилатихъе рачІунаго. 9 Пилатица гьезда абуна: – ЖугьутІазул парччахІ виччалищ, нужее бокьун батани? 10 (Пилатида лъалеб букІиндалха чІахІиял кашишзабазул жахІда-хІусудалъ хІал гьабун жиндихъе кьурав чи гьев вукІин.) 11 Амма чІахІиял кашишзабаз халкъ тІамуна Барабба къватІиве виччайилан гьаризе. 12 Гьебмехалъ Пилатица гьезда гьикъана: – ЖугьутІазул парччахІилан абурав чиясе дица щиб гьабизеха нужее бокьун бугеб? 13 – Хъанчида вазе витІе! – ян ахІдана гьебмехалъ гІадамал. 14 – Гьас гьабураб квешлъигІаги щиб? – абун гьикъана Пилатица гьезда. Амма гІадамал тІадеги цІакъ ахІдезе лъугьана: – Хъанчида вазе витІе! – ян. 15 Халкъ рази гьабизе бокьун, Пилатица Барабба къватІиве виччана. ГІиса цІалаца вухеян ва хъанчида ваян амру гьабуна. 16 Рималъул рагъухъабаз ГІиса вачуна сардарасул претория абулеб кІалгІаялъул азбаралъуве. Рагъухъабазул тІубараб полк бахъинабун букІана гьенибе. 17 БецІбагІараб ххамил гІаба ххола ГІисада тІад. Зазил хьухьун гьабураб тажги лъола гьесул ботІрода. 18 Жидеца ГІиса кІодо гьавулев вугев гІадин: – ЖугьутІазул парччахІ чІахъаги! – ян ахІдезе лъугьуна гьел. 19 Цинги гІонсоца бетІер бухула ГІисал, тІаде тударула, суждаялда чІун, гьесие бетІер къулулеб ххвел гьабула. 20 Инжит-хІакъир гьавун хадуб, доб багІараб гІабаги тІаса бахъун, жиндирго ретІел ретІуна гьесда тІад. Ва хъанчида вазе вачун уна. 21 Хуриса вуссун вачІунев данде ккана Киренеялдаса Симон абулев цо чи – Александрилги Руфилги эмен. Гьесда баччизабуна гьез ГІисае гьабураб хъанч. 22 Цинги ГІиса вачана Голгота абулеб бакІалде. Гьелъул магІна ккола «Гвангвара гохІ». 23 Мехтизе гьарулеб гьекъолеб жоялъул цІун щурун кьуна гьесухъе. Амма ГІисаца гьеб гьекъечІо. 24 ГІиса хъанчида вана, ва лъица щиб босилебали можоро тІамун, ГІисал ретІел жидедаго гьоркьоб бикьизе лъугьана рагъухъаби. 25 Радал сагІат ичІго тІубан букІана ГІиса хъанчида вараб мехалъ. 26 Гьесде гІунтІизабураб гІайиб рехсараб хъвай-хъвагІайги гьабун букІана хъанчида, «ЖугьутІазул парччахІ» абун. 27 КІиго хъачагъги вукІана гьесда цадахъ хъанчида ван: цояв кваранаб рахъалда, цояв квегІаб рахъалда. 28 - 29 Цересан унел гІадамаз, гьев хІакъир гьавун, абулеб букІана бутІрулги хьвагІулаго: – Ле, щущазабун Мукъадасаб Рукъгун, лъабго къоялде гьеб цІидасан балев багьадур! 30 Мунго хвасар гьаве! Хъанчидаса гІодове рещтІа! 31 Гьебго къагІидаялда гьев хІакъир гьавун, цоцазда гаргадулел рукІана чІахІиял кашишзабиги диниял гІалимзабиги: – Цогидал хвасар гьарилилан вукІанин, живго хвасар гьавун бажаруларев чи! 32 Исраилил умматалъул парччахІ – МасихІ гьев ватани, рещтІа абе гьанже нилъеда вихьизе хъанчидаса гъоркье, гьебмехалъ божила нилъ гьесда. Гьесда цадахъ хъанчида рарал хъачагъалгицин рукІана ГІисаде хьанделел. 33 Къалъул гІужалда сверухъе тІолабго дуниял бецІлъана. Гьеб бецІлъи тІаса инчІо сагІат лъабго тІубазегІан. 34 СагІат лъабго тІубараб мехалъ, цо гучаб гьаракьги гьабун, ГІисаца ахІана: – Элои, Элои! Лема шевактани! – абун. (Гьелъул магІна букІана: «Дир Аллагь! Дир Аллагь! Щай дуца дун рехун тарав?») 35 Гьенир рукІарал цо-цояз, гьеб рагІараб мехалъ, абулеб букІана: «ГІенекке, Иляс аварагасде ахІи балеб буго!» – ян. 36 Гьебмехалъ векерун ун гьезул цояс, цІекІаб чагъиралдаги ччун, чІорто босун бачІана, гІорол тІогьибги бухьун, гьесухъе бегьана. Гьев чияс абулеб букІана: – ЧІа, гьанже бихьилин хъанчидаса гьев вахъизе Иляс авараг вачІунищали. 37 Цоги гучаб гьаракь гьабуна ГІисаца. Ва гьесул рухІ босун ана. 38 Мукъадасаб Рукъалъул хирияб бакІалда бигъун букІараб пардав тІарадаса ахаде щвезегІан кІихІи бихъун ана гьебмехалъ. 39 Рагъухъабазул нусилбетІер вукІана ГІисал хъанчида дандвитІун эхетун. Гьедин ГІисал рухІ босараб куц бихьидал, гьес абуна: – ХІакъикъаталдаги гьав чи Аллагьасул Вас вукІун вуго. 40 Гьенир нахъегІан чІун ралагьун руччабиги рукІана. Гьезда гьоркьор рукІана Магдалаялдаса Марямги, гьитІинав Якъубил ва Юсупил эбел Марямги, Саломеяги. 41 Гьел рукІана ГІиса Галилеялда вугеб мехалъго гьесда хадур рачІун, гьесие хъулухъалъе чІарал руччаби. Гьел гурелги, гьесда цадахъ Иерусалималде рачІарал цогидал руччабиги гІезегІан рукІана гьенир. 42 - 43 Гьеб букІана рузман къо. Шаматалда цебесеб къо букІиндал, бакъ щинкІилалдего вачІун тІаде щвана тІадегІанаб судалда гьоркьов гІахьаллъулев ва халкъалда жаниб жиндир къадру-къимат бугев Ариматеялдаса Юсуп абулев чи. (Аллагьасул ПарччахІлъиялде хьул лъурав чи вукІана гьев.) Гьев хІинкъичІого Пилатихъе ана ГІисал жаназа кьеян гьаризе. 44 ГІиса хванилан рагІидал, гІажаиблъун хутІана Пилат. Дол рагъухъабазул нусилбетІерги ахІун, гьесда гьикъана цевегойищ хваравилан. 45 Гьев нусилбетІерасдасан ГІисал хвалил хІакъикъат лъарабго, Пилатица изну кьуна гьесул жаназа нахъе босизе. 46 Бичун босун бацІцІадаб хІебетгун, Юсупица ГІисал жаназа хъанчидаса бахъана ва, хІебтил мусруги бан, гьеб букъана кьурулъ бикІун къачІан букІараб нохъодул хабалъ. Нохъодул кІалтІе цо кІудияб гамачІги гиризабун тана. 47 Магдалаялдаса Марямги Юсупил эбел Марямги рукІана ГІиса хабалъ лъолеб бакІалъухъ ралагьун.

16

1 Шамат къо индал, Магдалаялдаса Марямицаги, Якъубил эбел Марямицаги, Саломеялъги бичун босана ГІисал мусруялда бахине гьуинал махІазул нах. 2 Цинги анкьил тІоцебесеб къоялъ цудунго рахъун ун, гьел ГІисал хабаде щолеб мех букІана гьанжего-гьанже бакъ баккулеб гІуж. 3 Нохъодул кІалтІаса гамачІ лъицадай нахъе гиризабилаян ургъел бикьулел рукІана гьел. 4 Амма гамачІ нахъе гиризабун батана. (ЦІакъ кІудияб гамачІни букІана гьеб.) 5 Жанире лъугьиндал, гьезда гьенив кваранаб рахъалда гІодов чІун ватана хъахІаб гІаба ретІарав цо гІолохъанчи. РакІ гъанцІун лъугьана гьел. 6 – ХІикмалъуге нуж, – ан абуна гьес руччабазда. – Хъанчида ван хвезавурав Назареталдаса ГІисайин нужеца валагьулев вугев. Гьев хваралъуса вахъана. Гьев гьанив гьечІо. Гьале гьесул жаназа лъун букІараб бакІ. 7 Нужеца, инеги ун, гьесул муридаздаги Пётридаги абе Галилеялде ГІиса нужедаса цеве щвезе вугилан. ГІисаца цебеккунго лъазабун букІараб куцалда, дова вихьилин жидеда гьев. 8 Кутакалда хІинкъарал ва хІикмалъарал гьел руччаби, сородилаго гьеб нохъодаса къватІире кІанцІун, рекерун нахъе ана, гьелъул хІакъалъулъ лъиданиги бицинеги кІвечІо гьезда. 9 Анкьил тІоцебесеб къоялъ бакъ баккилелдего хваралъуса вахъарав ГІиса гьебго къоялъ тІоцеве вихьана анкьго шайтІан гьес жиндир чорхолъа бачахъун букІарай Магдалаялдаса Марямида. 10 Инеги ун, гьелъ ккараб иш бицана цере ГІисада цадахъ рукІаразда – гьесда хадуб ракІ бухІун гІодилел рукІаразда. 11 Амма гьел божичІо ГІиса чІаго вугин ва гьев жинда вихьанин абураб Марямил рагІиялда. 12 Гьелдаса хадуб цоги батІияб сипаталда ГІиса вихьана шагьаралдаса росулъе унев вукІарав кІиго муридасдаги. 13 ТІад руссун рачІун цогидаздаги бицана гьез жидедаги ГІиса вихьанилан, амма цогидал муридал гьездаги божичІо. 14 Ахирги ГІиса тІаде вачІуна анцІила цо чапар кваналев вукІараб бакІалде. Гьес гьезие бадибчІвай гьабула ракІ согІал чагІи ругин нужилан ва жив чІаголъун вихьарал гІадамазда божичІилан. 15 ГІисаца гьезда абуна: – Гьаб дуниялалда киса-кирего щун, тІолабго Аллагьас бижанщиналда лъазабе нужеца гьаб Рохалил хабар. 16 Диде иман лъурав ва лъадалъ ччун вахъун жиндир мунагьал чурарав чи хвасарлъизе вуго. Амма иман лъечІезе тамихІ букІина. 17 Диде иман лъурал ратІа гьарулел гІаламатал гьадинал рукІина: дир цІаралдалъун гьезда кІвела жундул рачахъизе ва гьезухъа бажарила батІи-батІиял мацІазда кІалъазе. 18 Борхьал кодоре рачаниги, загьру гьекъаниги, тІириги зарал лъугьинаро гьезие; унтаразда квер хъвани, гьелги сахлъила. 19 Гьедин гьезие хабар бицун лъугІараб мехалъ, ТІадегІанав ГІиса зобалазде восун ана ва Аллагьасул кваранаб рахъалда рещтІана. 20 Муридалин абуни, гьениса рахъун ана киса-кибего Рохалил хабар лъазабизе. ТІадегІанасги квербакъулаан гьезие, ва гьез бицарабщинабги мугІжизатаздалъун ритІухълъулаан. Амин!