Лука

1

1 - 2 Нилъер агьлуялда гьоркьор Аллагьас тІуразарурал ишазул хІакъалъулъ къисаби, байбихьудаса бахъараб гьеб кинабго жидеда бихьарал ва Аллагьасул РагІиялъе жидеца хъулухъ гьабурал гІадамаз рицухъе хъвазе гІемерав чияс хІалбихьана. 3 Гьединлъидал, бетІерчІахъаяв Теофил, дидаги лъикІ бихьана, авалалдасанго цІех-рех гьабун, тартибалда кинабго дуе хъвазе. 4 Гьаб цІалараб мехалъ дур ракІчІела дуда малъанщинаб жо хІакъаб букІиналда. 5 Гьерод Ягьудиялъул ханлъун вугеб заманаялда вукІана Абиял тухумалъул чилъун кколев Закария абулев цо кашиш. Гьесул чІужуги йикІана Гьарун аварагасул наслуялъул гІадан. Гьелда цІарги букІана Элисабет. 6 Гьел кІиялгоги рукІана Аллагьасул вализаби. БетІергьанасул тІолабго амру-нагью ракІбацІцІадго тІубазабулаан гьез. 7 Амма гьезул лъимал рукІинчІо. Элисабет йикІана лъимер гьабуларей гІадан. Гьел рукІана гІолохъанлъиялдаса арал гІадамал. 8 Гьале гьанжеги гьезул тухумалде ирга щола Мукъадасаб Рокъоб хъулухъ гьабизе. 9 Кашишзабазул гІадаталда рекъон, можоро тІамидал, Закарияде тІаде ккола, Аллагьасул Мукъадасаб Рокъове жаниве лъугьун, махІгьуинаб нахул кьеккен гьабизе. 10 Нахуда цІа бакулев гьев вугеб мехалъ, киналго хутІарал гІадамал рукІана къватІирехун чІун какал ралел. 11 Кьеккеналъул кІкІуй тІад беролеб хирияб бакІалъул кваранаб рахъалде Бичасул малаик рещтІана гьебмехалъ Закарияхъе. 12 Малаик вихьараб мехалъ, Закария вихха-хочун лъугьана ва кутакалда хІинкъана. 13 Малаикас гьесда абуна: – Мун хІинкъуге, Закария, Аллагьас къабул гьабуна дур гьари-дугІа. Дур лъади Элисабетица дуе вас гьавизе вуго. ЯхІя лъе дуца васасда цІарги. 14 Дуе талихІги рохелги босун бачІина гьес, цогидал гІемерал гІадамалги рохила гьев гьавиялдаса. 15 Аллагьасда цебе кІодолъи щвела гьесие, чагъирги цогидаб жаги гьекъеларо гьес, эбелалъул ургьив вугеб мехалъго Илагьияб РухІги лъугьина гьесулъе. 16 Исраилил лъималазул гІемерисел жидерго БетІергьан Аллагьасде руссинарила гьес. 17 Иляс аварагасул хІалкІолъигун ва къудратгун ТІадегІанасдаса цеве вачІун, эбел-инсулги лъималазулги ракІал цоцалъ журазарила гьес, къосун Аллагьасде мугъ рехаралги тІадруссинарила муъминазул гІакъиллъиялде. ТІадегІанав вачІиналде къачІала гьес хІадур гьабураб халкъ. 18 Гьебмехалъ Закарияца малаикасда гьикъана: – Сундалъунха дида гьеб лъалеб? Дунги ригь арав чи вуго, дир чІужуги гІолохъанго гьечІо. 19 Малаикас гьесие жаваб кьуна: – Дун вуго Аллагьасда цеве вугев ЖабрагІил малаик. Гьес дун витІана дуда кІалъазе ва дуда рохел бицине. 20 Жиндир болжалалда тІубазе бугеб дица бицараб рагІиялда мун божичІелъул, гьале дур кІал-мацІ кквела ва гьеб иш тІубазегІан кІалъазе кІвеларо дуда. 21 Закария къватІиве вачІиналъухъ балагьун чІун букІана халкъ гьебмехалъ. Щайдай гьев Мукъадасаб Рокъов жанив кватІаравилан хІикмалъун рукІана гІадамал. 22 КъватІиве вачІараб мехалъ, Закарияда кІвечІо гьезда кІалъазе. Гьезда бичІчІана Мукъадасаб Рокъоб жаниб гьесие Аллагьасул илгьам лъугьараблъи. Гьелдаса хадуб, килщаз ишанал гьарун гурони, кІал бичІун тІокІаб рагІи абичІо Закарияца. 23 Мукъадасаб Рокъоб хъулухъ гьабизе тІадаб заман лъугІидал, Закария жиндирго рокъове тІадвуссана. 24 Цинги Элисабетил ургьибе лъимер ккана, ва щуго моцІалъ, къватІи-рокъое яхъинчІого, яхчун чІана. Гьелъ абулаан: 25 – Гьале, Аллагь гурхІараб мехалъ, дие гьес гьабураб лъикІлъи, лъимер гьечІолъиялъул бугьтан гІадамазда цебесан дида тІаса ине. 26 - 27 Анлъабилеб моцІалъ Аллагьас ЖабрагІил малаик витІана Галилея улкаялъул Назарет шагьаралде Давудил наслуялъул Юсупилан цІар бугев чиясе абурай цо ясгІаданалъухъе. Гьелда цІар букІана Марям. 28 Гьелъухъе вачІун ЖабрагІил малаикас абуна: – ЙорчІами, Аллагьасул баркат рещтІарай яс! БетІергьан вуго дуда аскІов. 29 Малаикас гьедин абидал, йихха-хочун лъугьана гьей, ва гьел рагІабазул магІна щибдайилан йикІана. 30 – ХІинкъуге, Марям! – ан абуна гьелда малаикас. – Бичасул рахІмат насиблъана дуе. 31 ГІенеккея, дур ургьибе лъимер ккела, ва дуца вас гьавила. ГІиса абун лъела дуца гьесда цІарги. 32 ЦІакъ кІудияв чи вахъина гьесул. ТІадегІанав Аллагьасул Василан абила гьесда. Жиндирго эмен Давудил тах кьела Аллагьас дур васасе. 33 Абадиялъего вукІина гьев Якъуб аварагасул халкъалъул ПарччахІлъун, ва гьесул ПарччахІлъиялъе ахирго букІине гьечІо. 34 – Росасецин инчІей дие гьеб кин лъугьунеб? – ан гьикъана гьесда Марямица. 35 Малаикас абуна: – Илагьияб РухІ рещтІина духъе. БетІергьанасул хІалкІолъиялъул накІкІул парчаялъ яхчила мун. Гьединлъидал Аллагьасул Васлъун рикІкІина гьеб Илагьияб Лъимер. 36 Лъимер-бетІер лъугьунарей гІадамилан рикІкІуней йикІарай дур гІагарай чІужу Элисабетги, гьанже гІолохъанго гьечІониги, лъимаде йиго. Анлъабилеб моцІ буго гьеб ккаралдаса. 37 Аллагьасда хІалкІолареб жо щибго букІунарелъулха! 38 Гьебмехалъ Марямица абуна: – Гьале, дун БетІергьанасул лагъ! Дуца абухъе ккезе биччанте дие! Цинги малаик Марямида аскІоса нахъе ана. 39 Гьел къоязда Марям гІедегІун ана Ягьудиялъул мугІрузда бугеб шагьаралде. 40 Закариял бакІалде щведал, гьелъ Элисабетие салам кьуна. 41 Марямил салам рагІарабго, гьебсагІат Элисабетил ургьиб лъимер кІанцІезе лъугьана. Илагьияб РухІалъул цІуна гьей. 42 – Руччабазулъ бищунго баркат кІудияйлъун лъугьана мун, – ан ахІун гьаракь гьабуна Элисабетица. – Баркат кІудияблъун лъугьана дур ургьиб хулараб лъимерги. 43 Дир ТІадегІанасул эбел къавулъе ячІинегІанасеб даражаялъул гІаданищха дун! 44 Гьале дур салам рагІарабго, бохун кІанцІезе лъугьана дир ургьиб лъимер. 45 БетІергьанасдасан дуде бачІараб ругьел тІубазе бугелъул, гьелда божарай мун гьардарай гурищ. 46 Марямица ахІана: – Аллагь кІодо гьавизе лъугьун буго гьинал ракІ. 47 Гьес дун хвасар гьаюлин бохун буго дир рухІги. 48 Дун пакъирай лагъалда Бичасул бер речІчІидал, Баркат бугей гІаданлъун гІаламалъ рикІкІина дун. 49 Жиндир цІар мукъадасав къудратав БетІергьанас КІудаб даражаялде яхине гьаюна дун. 50 ГІибадат гьабуразул наслабазда гурхІана. 51 Гучаб гьесул къуваталъ чІухІарал къезарула, Гьезул квешал къасдалги къинарула киналго. 52 БетІергьанас пахруял тахидаса рехула, Пакъирал, кІодо гьарун, тІадегІанлъизарула. 53 Ракъаразе Аллагьас къваригІанщинаб кьола, Бечедал рачахъула, щибго жоги кьечІого. 54 - 55 Дол нилъер умумузда абун букІараб куцалъ, Ибрагьимил лъугьарал киналго наслабазда Абадул абадиялъ гурхІилин кьураб рагІи РакІалде щун, Аллагьас жиндирго лагълъун кколеб Исраилил халкъалъе кумек гьабуна гьанже. 56 Гьениб лъабго моцІги бан, Марям тІадюссун жиндирго рокъое ана. 57 Къо тІаде щвараб мехалъ, Элисабетие вас гьавуна. 58 Аллагь гурхІун гьелъие лъимер гьабун бугин рагІараб мехалъ, гьелда рахьи базе рачІунел рукІана Элисабетил мадугьалзабиги гІагарал чагІиги. 59 Микьабилеб къоялъ васасе сунат гьабизе рачІарал чагІазе бокьана, инсудаго гІадин, васасда цІарги Закария лъезе. 60 Гурин, васасда цІар ЯхІя лъезе кколилан абуна Элисабетица. 61 Гьез гьелда абуна: – Нужер гІагарал чагІазда гьоркьов гьединаб цІар бугев чи гьечІо гури, – ян. 62 Цинги, квераз ишан гьабун, Закарияда бичІчІизабуна васасда щиб цІар лъезе дуе бокьун бугебилан. 63 Цо хъарщиги бачІинабун, Закарияца гьелда тІад хъвана: «Васасда цІар ЯхІя лъезе ккола», – ян. Киналго гІажаиблъана гьебмехалъ. 64 Гьеб лахІзаталда Закариял кІал ричІун бачІана, мацІалдаса гарацІ бичун ана ва Аллагьасе рецц гьабун кІалъазе лъугьана. 65 Мадугьалзабазул рекІелъеги кутакаб хІинкъи лъугьана гьебмехалъ, Ягьудиялъул киналго мугІрузда тІибитІана гьелъул хІакъалъулъ хабар. 66 Гьеб рагІанщинас, гьелъул пикру гьабулаго, абулеб букІана: – Щив чидай вахъина гьадав васасул? ХІакъикъаталдаги Бичасул хІалкІолъи букІана гьесулъ. 67 ЯхІял эмен Закария Илагьияб РухІалъул цІуна, Аллагьасдасан рачІарал гьадинал рагІаби абуна гьес: 68 – Исраилил халкъалъул БетІергьан Аллагьасе рецц гьабилин, Нилъехъе вачІун гьес нилъ тархъан гьаридал. 69 Гьес жиндирго лагъ Давудил кьолбодасан нилъее кьела Нилъ хвасар гьаризе къудрат бугев чи. 70 НекІо заманаялда жиндирго аварагзаби ритІун, Гьес нилъее рагІи кьун букІана: 71 Нилъер тушбабаздаса ва нилъ рихаразул квердаса Жинца хвасар гьарилилан, 72 Нилъер умумузда гурхІилилан Ва мукъадасаб къотІи тІубазабилилан. 73 Нилъер умматалъул эмен Ибрагьимие гьес гьа гьедун букІана, Тушбабазул квердаса хвасарлъун, 74 ХІинкъичІого тІубараб гІумруялъ 75 РитІухъго ва бацІцІадго Жиндие тІагІат гьабизе изнуги ресги букІинабилин. 76 Мунги, дир лъимер, рикІкІина Къудратав Аллагьасул авараглъун, ТІадегІанав МасихІидаса цеве вахъина мун, Гьесие нух къачІазе 77 Ва, мунагьал чурун, нуж хвасарлъилилан Халкъалда лъазабизеги. 78 - 79 Аллагь гурхІун, гьес нилъее зодисан рогьел рещтІинабила, Хвалил бецІаб рагІдукь ругезе канлъи букІине, Ракълиде рачунеб нухги бихьизабила нилъеда. 80 ЯхІя кІудияв гІолев вукІана, гІакълу цІубалеб букІана. Исраилил халкъалда цеве вахъинегІан гьес гІумру гьабуна гІицІаб авлахъалда.

2

1 Гьеб букІана кинабго халкъалъул хъвай-хъвагІай гьабейилан Август къайсарил амру бачІараб заман. 2 Сириялда сардарлъун Квириний таралдаса хадуб халкъалъул тІоцебесеб хъвай-хъвагІай букІана гьеб. 3 Жиде-жидер шагьаралде хъвай-хъвагІаялъе унел рукІана гІадамал. 4 Галилеялъул Назарет шагьаралдаса вахъун Юсупги ана Ягьудиялда бугеб Бетлегьем абулеб Давудил шагьаралде хъвай-хъвагІаялъе, гьев вукІиндал Давудил наслу-зурияталъул чи. 5 Цадахъ ячун йикІана гьесие магьари лъурай, лъимер гьабизе мех щварай Марямги. 6 Гьале гьадаб шагьаралде щвараб мехалъ, лъимер гьабизе хІара чІвана гьелда. 7 Марямица гьавуна жиндирго тІоцевесев вас. Петералда гьезие рещтІине бакІ щун букІинчІелъул, кьуща-рущан цо руссниб лъуна гьелъ лъимер. 8 Сардилъ жидерго рехъен цІунун рорчІуда чІарал гІухьби рукІана гьенир цо гІалахалда. 9 Гьезухъе рещтІана Бичасул малаик. БетІергьанасдасан бачІараб гвангъараб нуралъ къалъ-къалъизаруна гьел гІухьби, гІасияб хІинкъиялъ къахІан ккуна гьел. 10 – ХІинкъуге, – ян абуна гьезда малаикас. – ТІолабго гІаламалъего гІахьалаб кІудияб рохел бицине вачІун вуго дун нужехъе. 11 Давудил шагьаралда жакъа гьавуна жинца нуж хвасар гьаризе вугев ТІадегІанав МасихІ. 12 Гьелъие гІаламатги буго нужее: руссниб лъун батила нужеда кьущараб лъимер. 13 Цойидасанго зобалаздасан малаикзабазул бо рещтІана гьев малаикасда аскІоб. Аллагьасе рецц гьабулаго гьез ахІулеб букІана: 14 – ТІадегІанал зобалазда – Аллагьасе рецц! ГІодоб ракьалда – разилъаразе рекъел! 15 Малаикзаби зодире тІадруссун роржун индал, гьал гІухьбуз цоцазда абуна: – БетІергьанасдасан нилъехъе бачІараб гьаб хабаралъул хІакъикъат лъазе, Бетлегьемалде рилълъине рачІа, – ян. 16 ГІедегІун доре щведал, гьазда Марямги ятана, Юсупги ватана, руссниб лъун Лъимерги батана. 17 Лъимер бихьарабго, гІухьбуз бицана малаикасдасан гьеб Лъимадул хІакъалъулъ жидеда рагІарабщинаб. 18 Гьеб рагІанщинав чи хІикмалъизавуна гІухьбузул хабаралъ. 19 Марямицани гьел киналго рагІаби хазина гІадин рекІелъ цІунана, ва гьелъул пикрабазда йикІунаан гьей. 20 Малаикас жидеда бицухъе иш ккун батидал, бихьаралъухъги рагІаралъухъги Аллагьасе тасбихІги реццги гьабулаго нахъруссун ана гІухьби. 21 Микьго къо байдал, Васасе сунат гьабураб мехалъ, гьесие кьуна эбелалъул ургьив гьев хулилалдего малаикас абун букІараб ГІиса абураб цІар. 22 Мусал къануналда рекъон, лъимер гьабун хадуб гьел рацІцІад гьаризе кколел къоял тІаде щведал, гьез Вас Иерусалималде вачана БетІергьанасе назру гьавун кьезе. 23 (БетІергьанасдасан бугеб къануналда рекъон тІоцебе гьабураб бихьинаб рижи БетІергьанасул назрулъун рикІкІунаан.) 24 Гьебго къануналда рекъон, къурбаналъе хъвезе кколаан кІиго рохьил микки яги кІиго миккидул тІинчІ. 25 Доб заманаялда Иерусалималда вукІана Симеон абурав цо чи. Гьев вукІана жиндилъ иманги варагІги бугев, Исраилил халкъ хвасарлъиялъухъ урхъарав чи. Илагьияб РухІ жинде гІагарлъарав чиги вукІана Симеон. 26 Илагьияб РухІалъ гьесие илгьам гьабун букІана Бичасул МасихІ вихьичІого гьев хвезе гьечІилан. 27 Илагьияб РухІалъин гьев доб къоялъ Мукъадасаб Рокъовеги вачун вачІарав. Эбелалъги инсуцаги гьитІинав вас ГІисаги вачун вачІана гьениве, къануналъул гІадат тІубазабизе. 28 Симеоница, гьевги кодове вачун, Аллагьасе реццги гьабун, гьадин абуна: 29 - 32 – Я, дир БетІергьан, дун дур лагъ, дур къотІи тІубан, гьанже парахатго къадаралде щолев вуго, дирго беразда бихьидал дуца хІадурун букІараб хвасарлъи. Гьаб буго киналго халкъал кантІизарилеб Нур ва дурго Исраилил халкъалъул къадру-рецц! 33 Симеоница васасул хІакъалъулъ абурал гьел рагІабаз гІажаиблъизаруна Юсупги Марямги. 34 Симеоница гьезие дугІа гьабуна ва гьесул эбел Марямида абуна: – Гьале гьаб Лъимер сабаблъун Исраилил халкъалъул гІемерисел гІодор ккела ва гІемерисел тІаде рахъина. 35 Дурги рекІелъ ханжар къазе буго. Гьаб Лъимер лъугьина Аллагьасул гІаламатлъун, амма гІемерисез гьелда дагІба базе буго, гьелдалъун гІемерисезул рекІелъ ругел къасдал загьирлъила. 36 Гьений йикІана Ашерил наслуялъул Пенуэлил яс ХІаннат, жиндилъ кашпу-карамалъи бугей, цІакъго херай гІадан. Анкьго соналъ гурони росасда цадахъ гІумру тІамичІо гьелъ. 37 Гьелдаса хадуб ункъоялда ункъо сон къороллъуда арай гьей, къасиги къадги кІал ккун, какал ран, кидаго Мукъадасаб Рокъоса къватІие яхъинчІого, БетІергьанасе тІагІат-гІибадаталда чІун йикІана. 38 Гьебмехалъ, аскІоеги ячІун, Аллагьасе реццги гьабун, гьеб Лъимадул хІакъалъулъ бицана гьелъ Иерусалим хвасарлъиялъухъ урхъун рукІаралщиназда. 39 БетІергьанасдасан бугеб къануналда рекъон кинабго ишги тІубазабун, гьел Галилеялде, жидерго Назарет шагьаралде, тІадруссана. 40 Вас кІудияв гІолев вукІана, гІолохъанлъиялде вахунев вукІана, гІакълу цІубалеб букІана. Аллагьасул баркат бессун букІана гьесулъ. 41 Щибаб соналъ гьесул эбелги эменги унаан Иерусалималде Пасхаялъул байрамалде. 42 АнцІила кІиго соналде ГІиса вахиндалги, гІадаталда рекъон, Иерусалималде байрамалде ана гьал, гьевги вачун. 43 Байрамалъул къоял индал, ал тІадруссана, гьитІинав ГІиса Иерусалималдаго чІана. Юсупидаги васасул эбелалдаги лъачІо гьев гьенив чІаравлъи. 44 Цогидазда цадахъ ун ватилин гьевилан тана гьаз. Цо къойил нух тедал, гІага-божаразда гьоркьов гьев валагьизе лъугьана гьал. 45 Гьевги ватичІого, тІадруссун гьев валагьизе Иерусалималде ине ккана. 46 Гьале лъабабилеб къоялъ гьазда гьев Мукъадасаб Рокъов ватана мугІалимзабазда гьоркьов, гьезухъ гІенеккун ва гьезда цІехолдулев. 47 ГІенеккаралщинал хІикмалъизарун рукІана гьесул гІакъиллъиялъ ва жавабазул камиллъиялъ. 48 Гьев вихьидал, гІажаиблъун хутІана Юсупги Марямги. Эбелалъ гьесда абуна: – Я, дир лъимер, дуца нижее гьабураб щиб? Гьав дур эменги дунги чІезе къадар тІагІун рукІана мун валагьулел. 49 Гьес гьазда абуна: – Дун валагьиго щай нужее букІараб? Нужеда лъачІебищ дун дирго Инсул рокъов вукІине кколевлъи? 50 Амма гьазда бичІчІичІо гьел рагІабазул магІна. 51 Вахъун гьазда цадахъ Назареталде вилълъана гьев ва гьазие мутІигІлъун чІана. Амма гьесул эбелалъ рекІелъ цІунун рукІана гьел рагІаби. 52 Сонал анагІан, ГІисал черх цІубалеб букІана, гІакълу камиллъулеб букІана, Аллагьасулги гІадамазулги рокьи цІикІкІунеб букІана гьесдехун.

3

1 Тиберий къайсарлъун ккун анцІила щуабилеб сон букІана; Ягьудиялда сардарлъун вукІана Понтий Пилат; Галилеялда ханлъун вукІана Гьерод; гьесул вац Филипп вукІана Итуреялда ва Трахонит вилаяталда ханлъун, Лисаний вукІана Абиленаялда ханлъун; 2 бищунго кІудиял кашишзабилъун рукІана Гьанна ва Кайафа. Гьеб заманаялда Закариял вас ЯхІяе гІицІаб авлахъалда Аллагьасул илгьам лъугьана. 3 Иордан гІоралда сверухъ ругел бакІазде щун, нужерго мунагьал чуризе гІоло, кантІун Аллагьасде руссаян ва лъадалъ ччун рахъаян лъазабулеб букІана гьес. 4 Гьелдалъун ритІухълъана Ишая аварагасул ТІехьалда ругел гьадинал рагІаби: «Цо ахІи буго авлахъалда рагІулеб: – БетІергьанасе нух къачІай, битІизабе гьесда цебе шагьра! 5 Щибаб кІкІал-хъитІ бацизабе, щибаб гохІ-щоб тІуцлъизабе, свераби лъугІизаре, эхедераялги лабаллъабиги гьечІеб, цІвакараб нух букІа абе, 6 щибаб рижиялда бихьа абе Аллагьасдасан хвасарлъи!» 7 Гьале лъадалъ ччун рахъизе рачІунел рукІана халкъалъул руккелал. Гьезда ЯхІяца абулаан: – ГІай, нуж чІегІераб борхьил наслу! Нужеде гІагарлъун бугеб Аллагьасул тамихІалдаса лъутизе лъица малъараб? 8 Нужерго мунагьаздаса руссун, кантІиялъул гъотІода пихъ барщизабе, ниж Ибрагьимил наслуялъул лъимал ругиланги гаргадуге. Гьале дица нужеда абулеб буго: жиндие бокьани, гьал ганчІаздасанги Ибрагьимил наслуялъул лъимал лъугьинаризе кІола Аллагьасда. 9 ГъутІбузда гъоркь гІащтІи лъун тун бугеблъи лъай нужеда. ЛъикІаб пихъ тІад бижичІеб гъветІ къотІун цІадаб лъезе бугебха! 10 – Нижеца щибха гьанже гьабизе кколеб? – ан гьикъулаан гьесда гІадамаз. 11 Гьес жаваб кьолаан: – КІиго гурде бугес цояб гьечІесе кье, квен бугесги гьединго гьабе. 12 Лъадалъ ччун рахъизе рачІарал магъало бакІарулел чагІазги гьикъана гьесда: – Я, МугІалим, нижеца щибха гьабизе кколеб? 13 Гьезие жаваб кьуна ЯхІяца: – Нужеда бихьизабуралдаса цІикІкІун бахъуге лъихъаниги магъало. 14 Гьединго рачІун рагъухъабаз гьикъана: – Нижеца щибха гьабизе кколеб? Гьезда абуна: – ХІал-зулмуялдалъун ва гьечІеб гІайиб гІунтІизабун лъихъаго гІарац бахъуге, нужеего щолеб харжалда разилъун чІа. 15 МасихІ вачІиналъухъ урхъун балагьун чІун букІараб халкъалда ракІалде кколеб букІана ЯхІяцин гуродай гьевилан. 16 ЯхІяца киназдаго абуна: – Лъадалъ ччун рахъун, рацІцІад гьарулел руго дица нуж, амма вачІунев вуго дидасаги гІемерго къудрат цІикІкІарав. Гьесул хьитил рухьен бичизецин мустахІикъав гьечІо дун. Гьес нуж рацІцІад гьарила Илагьияб РухІалдалъун ва цІаялдалъун. 17 Гьес бугьун хъатикь ккун буго, жиндирго гьоцІиб ролъ бацІцІад гьабун, гьеб цагърахъе буссинабизе, накку гьес ссвинго гьечІеб цІадабе бан бухІила. 18 ГІадамазе Рохалил хабар бицун, гьединал ва цогидалги рагІабаздалъун гІемерал насихІатал гьарулел рукІана ЯхІяца. 19 - 20 Гьерод ханас жиндирго вацасул чІужу ячинги ва гьеб гурелги гьесул квешлъаби ЯхІяца какулел рукІиндал, цогидал жиндирго цересезде тІаде жубана гьев ханас ЯхІя гвандинив тІамиялъул квешлъиги. 21 Гьале ЯхІяца киналго лъадалъ ччун рахъулел рукІараб заманаялда гьениве вачІарав ГІисаги лъадалъе лъугьун дугІа гьабулев вукІана. Гьебмехалъ зобалги кІирикьизарун, 22 миккидул сураталда Илагьияб РухІ рещтІана гьесухъе ва зобалаздасан гьаракьги рагІана: – Мун вуго дие вокьулев дир Вас! Дудаса вохун вуго дун! 23 Аллагьасе хъулухъ гьабизе байбихьулеб мехалъ, ГІисал букІана лъебергогІанасеб сон, ва гьесул умумузул силсила гьадинаб бугилан рикІкІунаан: гьесул эмен Юсуп, гьесулги эмен ГІели, цинги 24 Маттат, Леви, Малки, Яннай, Юсуп, 25 Маттитья, ГІамос, НахІум, Гьесли, Наггай, 26 МахІат, Маттитья, ШимгІи, Йосех, Йода, 27 ЙохІанан, Реса, Зеруббабел, Шеалтиэл, Нер, 28 Малки, Адди, Къасам, Элмадам, ГІер, 29 ЙешуагІ, ЭлигІезер, Йорим, Маттат, Леви, 30 ШимгІон, Ягьуда, Юсуп, Йонан, Элякъим, 31 Мелеа, Менна, Маттата, Натан, Давуд, 32 Йишай, Йобед, БогІаз, ШелахІ, НахІшон, 33 ГІаминадаб, Админ, Арам, ХІецрон, Перец, Ягьуда, 34 Якъуб, ИсхІакъ, Ибрагьим, ТерахІ, НахІор, 35 Серуг, РегІу, Пелег, Эбер, ШелахІ, 36 Къейнан, Арпакшад, Шем, НухІ, Ламек, 37 МетушелахІ, ХІенок, Йаред, Магьалалеэл, Къейнан, 38 Энос, Шит, Адам, Аллагь.

4

1 Илагьияб РухІалъ цІурав ГІиса Иорданалдаса тІадвуссана ва гьеб РухІалъ гьев гІицІаб авлахъалде вачана. 2 Гьениб кІикъого къо бана ГІисаца. Илбисалъги хІалбихьана гьев къосинавизе. Гьебщинаб заманаялъ богІоллъи кІалдибе босичІо. КІикъого къо индал, ракъул хІал бергьана гьесие. 3 Илбисалъ гьесда абуна: – Мун Аллагьасул Вас ватани, гьаб ганчІие амру гьабе чедлъун лъугьайилан. 4 ГІисаца гьелъие жаваб кьуна: – ТІехьалда хъван буго: «ЦохІо чадица гуребин чиясе чІаголъи кьезе бугеб». 5 Цинги борхалъуде вачун, гьенисан цохІо лахІзаталда жаниб дуниялалъул киналго пачалихъал рихьизаруна гьесда. 6 Гьелъ абуна: – Гьал киналго пачалихъазул парччахІлъиги къудратги кьела дица дуе, гьеб киналъулго ихтияр дихъе щун бугелъул. Диего бокьарасе кьела дица гьеб. 7 Дуца дие сужда гьабуни, гьеб кинабго дур букІине буго! 8 ГІисаца жаваб кьуна: – ТІехьалда хъван буго: «ЦохІо Аллагьасе – дурго БетІергьанасе гурони сужда гьабуге. ЦохІо гьесие гьабе гІибадат!» 9 Илбисалъ ГІиса Иерусалималде вачун, Мукъадасаб Рукъалъул сиялда тІад лъуна ва гьесда абуна: – Мун Аллагьасул Вас ватани, гьаниса гъоркье кІанцІе! 10 ТІехьалда хъван бугелъул: «Аллагьас малаикзабазе амру гьабун буго мун цІунейилан» 11 ва: «Гьез мун кодов ккун восила, ганчІидацин дур хІетІе тункичІого букІине». 12 Гьелъие жавабалъе ГІисаца абуна: – «Дурго БетІергьан Аллагьасул хІалбихьуге», – янги абун буго ТІехьалда. 13 ГІисал хІалбихьун лъугІарабго, санагІатаб заман тІаде щвезегІан, гьесда аскІоса нахъе ана илбис. 14 Жиндилъ Илагьияб РухІ цІубарав ГІиса цинги Галилеялде тІадвуссана. ТІолабго сверухълъиялдаго гьасул хІакъалъулъ хабар тІибитІун батана. 15 Гьезул синагогабазде ун, гьас вагІза гьабуна, халкъалда гьоркьоб гьасул цІар машгьурлъана. 16 Жиндиего тарбия-лъай щвараб Назарет шагьаралде вачІана ва гьенивги, кидаго гІадин, шамат къоялъ синагогаялъуве ун, минбаралде вахана гІадамазе Илагьияб ТІехь цІализе. 17 Ишая аварагасул ТІехь кьуна гьесухъе. Гьадинаб калима бугеб бакІги батун, цІалана гьес: 18 «Дилъ БетІергьанасул РухІ буго, гьес дие ихтияр кьуна мискиназда Рохалил хабар бицине. Гьес дун витІана асирлъуда ругезда нуж тархъанлъанилан лъазабизе, нужеда канлъи бихьанилан бецаздаги лъазабизе, зулмуялда гъоркь ругелалги хвасар гьаризе, 19 Аллагьасул рахІмат рещтІунеб мех тІаде щолеб бугиланги лъазабизе». 20 Цинги Илагьияб ТІехь гьес, дандеги чІван, динияб хъулухъалъул чиясухъе кьуна, ва насихІат гьабизе гІодов чІана. Синагогаялъур данделъарал киназулго берал гьесдехун руссун рукІана. 21 Гьебмехалъ ГІисаца байбихьана: – Жакъа гьеб калимаялъухъ гІенеккун нуж рукІаго, ритІухълъана гьелда рехсараб амру. 22 ГІадамазе гьеб рекІее гІуна ва гьел гІажаиблъизаруна ГІисал кІалдисан рачІарал баркат бугел рагІабаз. Амма гьез абуна: – Юсупил вас вуго гурищ гьав? 23 ГІисаца гьезда абуна: – Гьайгьай, «тохтирас цин живго сахлъизавизе ккола», – ян кици тІамила нужеца дие. «Капернаумалда дуца гьабунилан нижеда рагІарабщинаб иш гьаниб инсул ракьалдаги гьабе», – янги абила нужеца дида. 24 Хадуб гьес абуна: – ХІакъаб рагІи буго нужее: цониги авараг рикІкІунаро жиндирго инсул ракьалда. 25 - 26 ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: Иляс аварагасул заманаялда, лъабго соналъги анлъго моцІалъги зодисан цІадал къатІра тІинкІичІого тІолабго ракьалде гІасияб ракъи рещтІараб мехалъ, Исраилил халкъалда гьоркьор гІемерал къоролзаби рукІаниги, Сидон улкаялъул Царепат шагьаралдаса цо къоролалъе гІоло гурони витІун вукІинчІо Аллагьас Иляс. 27 Элиша аварагасул заманаялда, барасалъ унтарал гІадамал Исраилил халкъалда гьоркьор гІемер рукІаниги, Сириялдаса цо Наъман абулев чи гурони, вацІцІалъизавичІо гьес. 28 Гьеб рагІарабго синагогаялъур рукІарал гІадамал ццидаца гьалаглъизаруна. 29 ТІаде рахъун гьез ГІиса шагьаралдаса къватІиве вачана жидерго шагьар тІад бараб магІарда бугеб кьурулъа гъоркье рехизейилан. 30 Амма, гІадамазул руккалилъа ворчІун, нахъе ана ГІиса. 31 Цинги Галилеялъул шагьар Капернаумалде ана ва шамат къояз гьезие вагІза гьабизе лъугьана. 32 ГІисал вагІзабаз хІикмалъизарун рукІана гьел. Цо хІалкІолъи жиндилъ бугев чияс гІадин малъулеб букІана гьес. 33 Синагогаялъув вукІун вуго хъубаб ва квешаб женалъ ккурав цо чи. 34 – ВахІ! Нижедасан дуе къваригІараб щиб, Назареталдаса ГІиса! – ян ахІдезе лъугьана гьев. – Ниж гъуризе вачІун вуго мун! Дида лъала мун щивали, мун вуго Аллагьасул мукъадасав илчи! 35 Амма ГІисаца жен чІезабуна: – КІал къай дуца! Нахъе а мун гьесул чорхолъа! – янги абун. Синагогаялъул бакьулъ гьев чиги гІодов ккезавун, гьесие щибго заралги гьабичІого, гьесул чорхолъа къватІибе ана жен. 36 Киналго гІажаиблъун хутІана. Цоцада гаргадулел рукІана гьел: – Гьесул рагІабазул магІна щиб? Гьесулъ буго жундузе амру гьабизе кІолеб хІалкІолъиги къудратги, гьелги инсанасул чорхолъа къватІире лъугьунел руго. 37 Сверухълъиялда киса-кибего тІибитІана ГІисал хІакъалъулъ хабар. 38 Цинги, синагогаялъуса къватІиве лъугьун, Симонил бакІалде ана ГІиса. Кутакаб цІа-каналъул унтуца бусаде ккун ятана Симонил якьад. Гьей сахлъизаеян гьарана ГІисада. 39 ТІаде къулун гьес гьелъул цІа-кан инабуна. ГьебсагІат тІаде яхъун якьад гьазие квен-тІехалда квалквадизе лъугьана. 40 Бакъ тІерхьунеб гІужалъ гІадамаз гьесухъе рачун рачІана батІи-батІиял гІузрабаз унтарал чагІи. ТІад квер лъун, гьел киналго сахлъизаруна гьес. 41 Гьебмехалъ гІемерисезул чорхолъа жундул нахъе унел рукІана: «Мун Аллагьасул вас вуго!» – янги ахІулаго. Гьезда лъалеб букІиндал ГІиса МасихІ вугевлъи, гьез гьеб бицунгутІизейин ГІисаца гьел руцІцІун чІезарулел рукІарал. 42 Сордо рогьарабго шагьаралдаса къватІиве вахъун, ГІисаца нух босана гІадан-чи гьечІеб бакІалде. Халкъалъул руккелал гьев валагьизе рахъана. Гьесда хадур гъедал, гьел гьардана гьениса нахъе унгейилан. 43 Амма ГІисаца гьезда абуна: – Аллагьасул ПарччахІлъиялъул хІакъалъулъ Рохалил хабар бицине цогидал шагьараздеги ине ккола дун, гьелъие гІололъидалха дун витІун вугев. 44 Гьедин, Ягьудиялъул синагогабазде ун, вагІза-насихІатал гьаруна гьес.

5

1 Аллагьасул калам рагІизе гІащикъал гІадамазул кІудияб руккел букІана цо нухалъ гъункун гьесда сверухъе бакІарун. ГІиса гьебмехалъ Геннесарет абулеб хІорил рагІалда вахъун чІун вукІана. 2 ХІорил рагІалда кІиго раса бихьана ГІисада. Русбуздаса къватІире рахъун ччугІихъабаз жидерго гьин чурулеб букІана. 3 Симонил расаялъуве лъугьун ГІисаца гьесда гьарана раса дагьаб жанибегІан бачейилан. Росонив гІодов чІун гІадамазе вагІза-насихІат гьабизе лъугьана гьев. 4 ВагІза-хабар лъугІидал, Симонида абуна: – Добе хІорил гъварилъудегІан расаги бачун, рехе дурго гьин. 5 Симоница гьесие жаваб гьабуна: – Я, НасихІатчи! Нолъ сордо рогьинегІан хІалтІаниги, цохІониги ччугІа кквечІо нижеца. Амма дур рагІи гІадахъ босун дица гьин рехила. 6 Гьес малъухъе гьабидал, гьезие хІаталдаса ун гІемераб ччугІа щвана. Гьин тІутІун унеб букІана ччугІил бакІлъиялъ. 7 Доб цояб росонир рукІарал гьалмагъзабаздеги ишан гьабуна гьез кумекалъе рачІайилан. РачІун дозги кумек гьабун, кІиябго раса ччугІил цІезабуна. Давлаялъул гІемерлъиялъ лъадалъе тІерхьун ине дагьалъ хутІана гьел русби. 8 Гьебмехалъ Симон-Пётрица, ГІисал накабазда цеве чІун, суждаги гьабун, абуна: – Я, БетІерчІахъад! Дида аскІоса нахъе а мун! Дун вуго мунагьазул цІурав чи! 9 Абиларищ, гьевги гьесда цадахъ гьин рехаралги кутакалда хІинкъун рукІиндал, ккураб ччугІил гІемерлъи бихьун. 10 Гьеб ишалъ гьединго кутакалда хІинкъизаруна Симонил гьалмагъзабилъун рукІарал Зебедайил васал Якъубги Иоаннги. Цинги ГІисаца Симонида абуна: – ХІинкъуге! Гьанжеялдаса нахъе дуца, ччугІа гуреб, гІадамалин кквезе ругел. 11 КІиябго раса хІорил рагІалде цІараб мехалъ, кинабго жоги гьениб тун, гьел ГІисада цадахъ уна. 12 Гьале ГІиса цо шагьаралда вугеб мехалъ, гьев вихьаравго, кІалагъоркье ккана ва гьардезе лъугьана тІолабго черх барасалъ бацарав цо чи: – Я, БетІерчІахъад! Дуе бокьани, дуда кІолаха дун вацІцІалъизавизе! 13 ГІебеде битІун гьесда кверги хъван, ГІисаца абуна: – Дие бокьун буго мун вацІцІалъизе. ВацІцІалъе мун! ГьебсагІат барасалдаса сахлъана гьев чи. 14 Живго сахлъизавиялъул хабар лъиданиги бицунгейилан лъазабуна ГІисаца гьесда: – Мусал къануналда рекъон, мунго вацІцІалъун вукІин гІадамазда лъазе, кашишасухъеги ун, гьесда дурго черх бихьизабе ва мунго вацІцІалъиялъухъ къурбанги хъвезабе. 15 Бугониги, ГІисал хІакъалъулъ хабар халкъалда гьоркьоб дагьабги цІикІкІун тІибитІана. Гьесухъ гІенеккизеги ва жалго сахлъизаризеги рачІунаан халкъалъул руккалаби. 16 Гьевин абуни, гІадан-чи гьечІеб бакІалде ун, Аллагьасе гьари-дугІаялда вукІунаан. 17 Цо къоялъ ГІисаца вагІза-насихІат гьабулеб мехалъ, гьесухъ гІинтІамун чІаразда гьоркьор рукІана Галилеялъул щибаб росулъа, Ягьудиялдаса, гьединго Иерусалималдаса рачІарал фарисеял ва диниял гІалимзаби. Унтарал сахлъизаризе кІолеб БетІергьанасул къудраталъ къвал бан вукІана гьев. 18 Гьале цо чагІаз туртида лъун восун вачІана палижалъ ккурав чи. ГІисада цеве лъезе гьев чи рокъове жаниве восизе хІаракат бахъулеб букІана гьез. 19 Амма гІадамазул гІемерлъиялъ нуцІихъан восун бажаричІого, тІохги бичун, гьенисан туртида лъовухъего рукъ бакьулъе ГІисада цеве тІаса гъоркье виччана гьез гьев. 20 Гьев восун рачІарал гІадамазул божи бихьун, ГІисаца абуна: – Мунагьаздаса вацІцІалъана, гьудулав чи, мун. 21 Дол диниял гІалимзабиги фарисеялги жалго жиделъго гаргадизе лъугьана: – Гьединал гІасиял-пасикъал рагІаби абизе ккани, гьавго щив чи! ГІицІго Аллагьасда гурони, лъида кІолеб инсанасул мунагь чуризе? 22 ГІисал хІалада лъана гьезул пикраби. Гьес гьикъана: – Щай нужеца нужерго рекІелъе гьединал пикраби риччалел? 23 Кинаб бигьаяб: «Мун мунагьаздаса вацІцІалъана», – ян абизейищ, яги: «ТІаде вахъун, вилълъанхъе», – ян абизейищ? 24 Амма нужеда лъан букІа: ГІадамил Лъимадул ихтияр буго гьаб ракьалда гІадамазул мунагьал тІасалъугьун тезе. Цинги ГІисаца унтарасда абуна: – Дица дуда абулеб буго: тІаде вахъа, дурго малиги босун, рокъове а. 25 Ралагьун гІадамалгун, гьебсагІат тІаде вахъана гьев, живго тІад лъун вукІараб турутги босун, рокъове ана, Аллагьасе реццги гьабулаго. 26 ГІажаиблъун-хІикмалъун лъугьун, киназго Аллагьасе рецц гьабуна. ХІинкъиялъ къвал бан ругел гьез абулеб букІана: – Тамашаяб иш бихьана жакъа нилъеда! – ян. 27 Гьениса къватІиве вахъун унаго, нухлул хІакъ бакІарулеб бакІалда гІодов чІун вихьана ГІисада Левий абулев гьеб ишалъе тІамурав чи. – Дида цадахъ вилълъа, – ян абуна гьесда ГІисаца. 28 БукІаралъуб букІарабги тун тІаде вахъун, гьесда цадахъ ана Левий. 29 Жиндирго бакІалда Левийица кІудияб гьоболлъи гьабуна ГІисае. Гьенир рукІана гІемерал магъало бакІарулел чагІиги ва гьебго тайпаялъул цогидал гІадамалги. 30 Фарисеялги гьезул мазгьабалъул диниял гІалимзабиги ГІисал муридаздехун гъулгъудизе лъугьана: – Щай нуж гьал магъало бакІарулел чагІаздаги цогидаб мунагь-хІакъалъул агьлуялдаги цадахъ гІодор чІун квана-гьекъолел? 31 Гьезие жаваб гьабун ГІисаца абуна: – Сахазе гурев тохтир хІажалъулев, унтаразейин. 32 Муъминзаби ахІизе гуро дунги вачІун вугев, мунапикъзаби тавбуялде ахІизейин. 33 Гьез ГІисада абуна: – ЯхІял муридал гІемерисеб мехалъ кІал ккун рукІуна, какал ралел рукІуна, фарисеязулазги гьабула гьединго. Гьал дуралин абуни квана-гьекъолел руго. 34 ГІисаца гьезда абуна: – БахІарав аскІов вугебгІан мехалъ гьес берталъе ахІарал гьудулзабазда квана-гьекъечІого кІал ккун рукІайилан абизе бегьилищ нужеца? 35 РачІина бахІарав гьезухъа вахъун арал къоялги, гьеле гьебмехалъ кквела гьез кІалги. 36 Цинги гьес гьезие гьадинаб мисал бачана: – ЦІияб ратІлидасаги бахъун басрияб ратІлида рукъи баларо лъицаниги. ЦІияб ретІелги хвела, басриялдаги цІияб рукъи рекъеларо. 37 Лъицаниги тІоларо басрияб рахълъеналъубе цІияб чагъирги. ЦІияб чагъиралъ гьеб багьизабила. Гьебмехалъ чагъирги гІодобе чвахун ина, рахълъенги хвела. 38 ЦІияб чагъир тІезе ккола цІияб рахълъеналъубе. 39 Басрияб чагъиралда тІаде гьебсагІатго цІияб чагъир гьекъезе лъиениги бокьуларо. Басриябго лъикІаб бугилан абула гьес.

6

1 Пуланаб шамат къоялъ ГІиса унев вукІана цо хурзабахъан. Хуриса ретІун тІоралги хъатинир кІвекІун, хІалухъадул мугьал кунел рукІана гьесул муридаз. 2 Гьенир рукІарал фарисеяз гьезда абуна: – Шамат къоялъ гьабизе гьукъараб иш щай нужеца гьабулеб? – ан. 3 ГІисаца гьезие жавабалъе абуна: – Унго, цІаличІебищ нужеца, живгоги цадахъ рукІаралги ракъун хутІидал, Давудица щиб гьабурабали? 4 Аллагьасул рокъове жанивеги лъугьун, гьениса босун Давудица жинцагоги кванан буго, цадахъ рукІаразеги кьун буго гІицІго кашишзабаз гурони кваназе гьукъараб чед. 5 ГІисаца гьезда абуна: – Шамат къоялъул ихтияр ГІадамил Лъимадухъ буго! 6 Цоги шамат къоялъ ГІиса халкъалъе вагІза-насихІат гьабизе синагогаялъуве ун вукІана. Гьенив вукІана кваранаб квер бакъварав цо чи. 7 ГІисада хадуб мухІканго хал ккун чІун рукІана диниял гІалимзабиги фарисеялги, гьес гьев чи сахлъизавилародайилан. Шамат къоялъ гьабураб хІалтІийилан ГІисаде гІайиб гІунтІизабизе бокьун букІана гьазие. 8 Гьазул пикруги бичІчІун, ГІисаца дов квер бакъварав чиясда абуна: – ТІаде вахъун рукъ бакьулъе вачІа, – ян. ТІаде вахъун, рукъ бакьулъе вачІана дов чи. 9 ГІисаца гьезда абуна: – Дица нужеда цо жо гьикъила: шамат къоялъ лъикІлъи гьукъун бугебищ, квешлъи гьабизе изну бугебищ? Чиясул рухІ хвасар гьабизейищ кколеб, яги гьев хвезавизейищ кколев? 10 Гьезда берги речІчІизабун, ГІисаца дов чиясда абуна: – Квер гІебеде битІе, – ян. Гьес абухъе гьабуна дов чияс ва кверги сахлъана. 11 Ццидаца гьалаглъарал гьез цоцазда дандбалеб букІана ГІисае щибдай гьабун лъикІилан. 12 Гьел къоязда ГІиса Аллагьасе тІагІаталъе цо магІарде вахана ва тІубараб сордоялъго гьари-дугІаялда вукІана. 13 Нахъисеб къоялъ радал ГІисаца жиндирго муридал аскІоре ахІана ва, тІаса вищун, анцІила кІигоясда чапарзабийилан цІар лъуна. Гьел рукІана: 14 Пётрилан гьес тІокІцІар кьурав Симон, гьесул вац Андрей, Якъуб, Иоанн, Филипп, Бартоломей, 15 Матфей, Фома, Алфейил вас Якъуб, Зелотилан тІокІцІар бугев Симон, 16 Якъубил вас Ягьуда ва хадув ГІисае хилиплъарав Ягьуда Искариот. 17 Жиндирго муридазда цадахъ магІардаса гъоркье рещтІун, авлахъалде щвана ГІиса. Гьев сверун ккуна муридазул руккелалъ ва тІолабго Ягьудиялдаса, Иерусалималдаса, хІорил рагІалда ругел Тиралъул ва Сидоналъул улкабаздаса рачІарал таманал гІадамазги. 18 Гьел рачІун рукІана ГІисал вагІза-насихІаталъухъ гІенеккизеги, унта-щокълъиялдаса гьес рорчІизаризеги. Хъубал жундузул гІазабалъулъ рукІарал гІадамалги сахлъизаруна ГІисаца гьенир. 19 ГІисада квер хъвазегІаги щвелародайилан тІаде гьунун бачІунеб букІана халкъалъул руккел, – гьесдасан бачІунеб букІиндалха киналго унтарал сахлъизарулеб цо къуват-рухІ. 20 ТІаса бер босичІого муридазухъги валагьун, ГІисаца байбихьана: – Гьардарал гурищ нуж, мискинал-пакъирал, нужее бугелъул Аллагьасул ПарччахІлъи. 21 Гьардарал гурищ нуж, гьанже ракъун ругелал, Аллагьас нуж гІорцІизаризе ругелъул. Гьардарал гурищ нуж, гьанже гІодилел ругелал, нуж релъанхъизе ругелъул. 22 ГІадамил Лъимер сабаблъун нуж халкъалда рихиндал, нуж нахъе рачахъидал, инжит-хІакъир гьаридал, нужеда квешаб цІар чІвайдал, – гьебмехалъги гьардарал гурищ нуж. 23 Гьеб къоялъ роха нуж, рохун кІанцІезе лъугьа нуж, зобалазда кІудияб шапакъат щвезе бугелъул нужее. Цересел аварагзабаз гьазул умумуздасанги хІехьарабин гьеб кинабго. 24 Балагьги гІазабги гурищ нужее, бечедал, гьанибго лъикІаб гІумру бугелъул нужер. 25 Балагьги гІазабги гурищ нужее, гьанже гІорцІун ругелал, нуж ракъизе ругелъул. Балагьги гІазабги гурищ нужее, гьанже релъанхъилел ругелал, магІу тІун гІодизе ругелъул нуж. 26 Балагьги гІазабги гурищ нужее, киназго нужее рецц-бакъ гьабулеб бугеб мехалъ! Цересел гьересиаварагзабазе гьазул умумузги гьабурабин гьедин рецц-бакъ. 27 Дихъ гІенеккун ругел нужеда абулеб буго дица: нужерго тушбаби рокьа, нуж рокьуларезе лъикІлъи гьабе. 28 Нужее нагІана кьолездаги баркат лъегиян абе, нуж къабихІ гьаруралги дугІадулъ рехсе, 29 Дур кІаркьен чІварасда цебе цояб кІаркьенги ккве, дудаса чухъа-гужгат бахъарасе гурде бахъизеги квалквал гьабуге. 30 Гьараравщинасе гьарарабги кье, кьурабги нахъе тІалаб гьабуге. 31 Цогидаз дуего гьабизе бокьулеб жо дуца гьезиеги гьабе. 32 Нужго рокьулелал нужее рокьиялъул кири кинаб букІинеб? Мунагь-хІакъалъул агьлуялъеги рокьулелъул жалго рокьулелал. 33 Нужее лъикІлъи гьабулесе бецІун гьабулеб лъикІлъиялъулги кири кинаб букІинеб? Мунагь-хІакъалъул агьлуялъгицин гьабулелъул гьебго жо. 34 Нахъе кьеялде хьул лъун чияхъе къарзалъе кьураб боцІул кири кинаб букІинеб? Мунагь-хІакъалъул агьлуялъги кьолелъул цоцахъе къарзалъе боцІи, тІаса бекичІого, камичІого тІадбуссине букІиналда ракІги чІун. 35 Нужеейин абуни нужерго тушбаби рокьа, садакъаби гьаре, нахъе щвеялъул пикру гьабичІого къарзалъе боцІиги кье. Гьебмехалъ кири гІемерлъила нужее, ва ТІадегІанав Аллагьасул васаллъун лъугьина нуж. Жидее гьабураб лъикІлъи лъаларезеги квешазеги лъикІлъи гьабулевлъун вугелъул гьев. 36 Нужер Эменго гІадин гурхІел-рахІму бугеллъун рукІа нужги. 37 Нужеца чияда гІайиб чІваге, – Аллагьас нужедаги гІайиб чІваларо; нужеца тамихІалде цІаге, – нужги тамихІалде цІаларо. Нуж тІасалъугьа, – нужедаги тІасалъугьина. 38 Нужеца кье, – нужееги кьела. Дагьабги цІикІкІун жанибе инелъун хьвагІезабун, цинги бугІун ва бетІер гьабун цІезабураб хІалалаб сахІалъ борцун бала нужер квенчІелтІе. Кинаб сахІалъ нужеца борцаниги, гьединабго сахІалъ борцине буго нужееги. 39 Гьадинаб мисалги бачана ГІисаца гьезие: – Цо бецав чиясухъа бажариладай цоги бецав чи квер ккун вачине? КІиялго цадахъ гвандинире рортилародай гьел? 40 Жиндирго мугІалимасдаса тІадегІанав вукІунаро мутагІил. Амма, цІалун вахъараб мехалъ, бокьарав чи ващалъула мугІалимасда. 41 Дурго бадиб бугеб чІалу бихьичІого, дур вацасул бадиб бугеб сум щай дуда бихьулеб? 42 Яги дуда кин кІолеб: «Ворея, вац, дур бадиса сум бахъизе биччай!» – ян гьесда абизе, дурго бадиб бугеб чІалуги бихьичІого? Ле, ххвелал гьарун ругьунав чи, цин дуца дурго бадиса чІалу бахъе, цинги бичІчІила дуда вацасул бадиса сум кин бахъилебали. 43 ЛъикІаб гъотІода тІад турараб пихъ букІунаро, турараб гъотІода тІад лъикІаб пихъги букІунаро. 44 Пихъихъ балагьун лъала гъветІ батІа гьабизе. Зазида тІад инжир барщуларо, гІинтІидул хъархъидаса цІибил бетІуларо. 45 ЛъикІав чияс жиндирго рекІелъ бугеб лъикІаб хазинаялъул гъансиниса къватІибе лъикІлъи босула, квешав чиясин абуни квешаб хазинаялъул гъансиниса къватІибе квешлъи босула. РакІ цІун тІасан араб гурони гьесул кІалалъ бицунарелъул. 46 «Я, БетІерчІахъад! Я, БетІерчІахъад!» абун щай нужеца диде ахІулеб, дица абураб жо нужеца гьабулеб гьечІеб мехалъ? 47 Дида аскІове вачІун, дир рагІабазухъ гІенеккарав ва гьел тІуразарурав чи лъида релълъуневали мисал бачина дица нужее: 48 гьев релълъуна тІалде щвезегІан гъваридго кьучІги бухъун, мина барав чиясда. Щун бачІараб гІурул лъим речІчІаниги, щущан инчІо гьеб, щулаго бан букІиндал. 49 Амма дихъ гІенекканиги, дица абухъе гьабуларев чи релълъуна, кьучІго бухъичІого, ракьалда тІад мина барав чиясда. Щун бачІараб гІурул лъим речІчІарабго, доб мина биххана, щущан ун, чІудби хутІана.

7

1 ГІенеккун букІараб халкъалъе гьабулеб вагІзаги лъугІизабун, гьениса вахъун ГІиса Капернаумалде вачІана. 2 Гьенив Рималъул рагъухъабазул цо нусилбетІерасул гьесие цІакъ хирияв рагьтІател вукІана кутакаб унтиялъ хвалил боснов лъун. 3 ГІиса вуссун вугин рагІидал, гьес жугьутІазул чІахІиял чагІи ритІана жиндир рагьтІател сахлъизавизе вачІаян гьесда гьаризе. 4 ГІисахъе рачІун кутакалда гьардезе лъугьана гьел, дуца кумек гьабизе мустахІикъав чи вугин гьевиланги абуна. 5 Гьесие нилъер халкъ цІакъ бокьулила, нижер гьаниб синагогагицин гьес бараб бугила. 6 ГІиса гьезда цадахъ ана. Досул бакІалде щолел рукІаго, нусилбетІерас данде жиндирго гьудулзаби ритІун рачІана вачІинчІониги кІваричІилан ГІисада лъазабизе, ТІадегІанав ГІиса къавулъе лъугьинегІанасеб къадруялъул чи гурин живилан абизе. 7 Духъе вачІине мустахІикъав чиги гурин жив, жиндир рагьтІател сахлъизе кІолеб къуваталъул цо рагІи абеян гьаризе ритІун ругоан гьес гьел. 8 Живги вугила тІадехун ругезул амру тІубазабулев, жиндир ихтияралда ругел рагъухъабазе рагІудалъун амру-буюрухъ гьабулев чи. Айилан цоясда абуни, гьев унила. ВачІайилан цогидасда абуни, гьев вачІунила. Пуланаб иш тІубазабейилан рагьтІателасда абуни, гьес тІубазабулила. 9 Гьединал рагІабаз гІажаиблъизавуна ГІиса. Жиндаго хадуб бачІунеб букІараб халкъалдехун вуссун, гьес абуна: – Гьале дица нужеда абулеб буго: Исраилил халкъалда гьоркьобгицин лъилниги дандчІвачІо дида гьединаб божи-иман. 10 НусилбетІерас ГІисахъе ритІарал гІадамал тІадруссун рачІиналде, рагьтІател сахлъун ватана. 11 КватІичІого ГІиса ана Наин абулеб шагьаралде. Муридалги рукІана цадахъ. Халкъалъул руккалабиги рачІана гьесда хадур. 12 Шагьаралъул кавудахъе щолеб мехалъ, гьале къватІибе босун бачІунеб батана цо хварав чиясул мали. Гьев вукІана эбелалъул цохІо вугев вас, гьей эбелги къоролай йикІана. ГІезегІанго халкъ букІана хвел букъизе унеб. 13 Гьей эбел йихьидал, ракІ гурхІун, ТІадегІанав ГІисаца: – ГІодуге! – ян абуна гьелда. 14 Цинги аскІове ун, хварасул молода квер хъвана. Мали босун унел рукІарал гІадамал лъалхъана. ГІисаца гьебмехалъ абуна: – Ле, гІолохъанчи! Дица дуда тІаде вахъаян абулеб буго. 15 Хварав чи тІаде ворхана ва кІалъазе лъугьана. Гьедин чІаголъизавун, ГІисаца гьев гІолохъанчи гьесул эбелалъухъе кьуна. 16 Кутакаб хІинкъиялъ къвал бан рукІана гьел киналго, Аллагьасе рецц гьабулаго, гьез абулеб букІана: – КІудияв авараг рещтІун вуго нилъехъе, жиндирго халкъалъе кумекалъе лъугьун вуго Аллагь. 17 ГІисал хІакъалъулъ хабар тІибитІана тІолабго Ягьудиялдаги сверухъ ругел бакІаздаги. 18 ЯхІяда жиндирго муридаз бицана гьеб киналъулго хІакъалъулъ. 19 КІиго муридги тІаде ахІун, ЯхІяца гьел ТІадегІанав ГІисахъе ритІана: «Мунищ дов нижехъе вачІине кколев чи, яги цогидав вачІинегІанищ ниж ралагьун чІезе кколел?» – абун гьикъизе. 20 ГІисахъе рачІун, гьез абуна: – ЯхІя аварагас ниж ритІана: «Мунищ дов нижехъе вачІине кколев чи, яги цогидав вачІинегІанищ ниж ралагьун чІезе кколел?» – абун гьикъизе. 21 (Гьеб заманаялде щвезегІан ГІисаца гІемерал гІадамал сахлъизарун рукІана унта-щокълъиялдаса, хъубал жундуздаса ва гІемерал бецал чагІазда канлъиги бихьизабун букІана.) 22 ГІисаца гьезие жавабалъе абуна: – Инеги ун, нужеца ЯхІяда бице нужеда рагІарабги бихьарабги: бецазда канлъи бихьулеб бугин, бохдулъа ракъварал рилълъанхъулел ругин, барасалъ унтарал рацІцІалъулел ругин, гІинкъазда рагІи рагІулеб бугин, хварал чІаголъулел ругин, мискинзабазда Рохалил хабар бицунеб бугин. 23 Дир рахъалъ щакдаричІев чи талихІав вугиланги абе. 24 Гьел ЯхІял чапарзаби нахъе араб мехалъ, ГІисаца гІадамазда бицана ЯхІял хІакъалъулъ: – Щиб бихьизе нуж добмехалъ гІицІаб авлахъалде ун рукІарал? Гьороца хьвагІезабулеб муцІи бихьизейищ? 25 Щив вихьизе ун рукІарал? Беричаб ратІлилъ вугев чи вихьизейищ? ЧІухІараб ретІел ретІарал ва бечедаб яшавалда ругел гІадамал парччахІзабазул кІалгІабазухъ руго. 26 Щив вихьизеха ун рукІарал? Авараг вихьизейищ? Аварагасдасагицин кІудияв чи вихьизе ун рукІанилан абулеб буго дица нужеда! 27 Гьесул хІакъалъулъин ТІухьдузда хъван бугеб: «Гьале, мун вачІиналде дуе нух къачІазе дирго илчи вуго дица цеве витІулев». 28 Дица нужеда абулеб буго: эбелалъ чехь къинлъун гьаруразда гьоркьов ЯхІя аварагасдаса кІудияв чи гьечІо. Амма Аллагьасул ПарччахІлъиялда ругезул бищун гьитІинавгицин гьесдаса кІудияв вуго. ( 29 ЯхІял вагІза рагІарал киналго гІадамаз, хІатта магъало бакІарулел чагІазги, лъадалъ ччун рахъизарун, Аллагьасул Нух ритІухъ гьабуна. 30 Амма фарисеязги диниял гІалимзабазги лъадалъ ччун рахъизе инкар ккуна ва жидее бугеб Аллагьасул амру къабул гьабичІо.) 31 Сунда данде кквелел дица гьаб заманаялъул гІадамал, лъида релълъун гьел ругел? 32 «Нижеца зурма пуна – Нуж кьурдизе рахъинчІо! МагІил бакънал рачана – Нуж гІодизе лъугьинчІо!» – ян къотІноре рахъун цоцазде ахІдолел лъималазда релълъуна гьел. 33 ВитІун вачІана я чед кунарев, я чагъир гьекъоларев ЯхІя авараг. Нужеца абуна гьев шайтІабаз ккурав чи вугилан. 34 ВачІана кваназеги кваналев, гьекъезеги гьекъолев ГІадамил Лъимер. Нужеца абулеб буго: «Гьале чехьквеш, гьекъолдухъан, магъало бакІарулел чагІазулги мунагь-хІакъалъул агьлуялъулги гьудул», – абун. 35 Амма Аллагьасул ГІакъиллъиялда рекъон хьвадулел гІадамаз бихьизабула Аллагьасул ГІакъиллъиялъул ритІухълъи. 36 Цо фарисеяс гьоболлъухъ ахІун, гьенив кваналев вукІана ГІиса. 37 Гьале гьеб шагьаралдаса цо мунагьал гІемерай гІадан, ГІиса гьев фарисеясул бакІалда вукІинги лъан, махІгьуинаб нахул цІун щагІил сурахІигун, ячІана. 38 Гьесда нахъехунги чІун, гІодулаго магІица гьесул хІатІал риччизаруна гьелъ, жиндирго ботІрол расуца рацІцІана гьел, убачал гьарулаго доб махІгьуинаб нахги бахана гьесул хІатІазда. 39 Гьеб бихьидал, ГІиса кванде ахІарав фарисеясда ракІалде ккана, гьав чи авараг вукІаравани, гьасда лъалаанин кинай гІаданалъ жинда квер хъвалеб бугебали. Мунагьазул цІурай гІаданлъидалха гьей йигей. 40 Гьебмехалъ ГІисаца гьесда абуна: – Симон! Цо дуда бицине жо буго дир. – Бице, дир МугІалим, – ан абуна Симоница. 41 ГІисаца бицана: – Къарзалъ гІадамазухъе гІарац кьолев цо чиясул вукІун вуго кІиго налъулав. Цояс гьесие кьезе букІун буго щунусго динар, цогидас – кІикъоялда анцІго динар. 42 Налъи бецІизе гьезул рес гьечІолъи бихьун, кІиясего хІалал гьабун тун буго гьес. Гьанже дуца бице дида: кинасе гьев цІикІкІун вокьилев? 43 Симоница жаваб гьабуна: – Дида ракІалде ккола, цІикІкІун гІарац нахъе кьезе букІарасе цІикІкІун вокьилин абун. ГІисаца абуна: – БитІун ракІалде ккун буго дуда. 44 Цинги гъой чІужугІаданалдехун вуссун, гьес Симонида гьикъана: – Дуда йихьулищ гьай гІадан? Дун дур рокъове лъугьараб мехалъ дир хІатІал чуризе лъим кьечІо дуца. Гьалъ жиндирго магІица чурана дир хІатІал, жиндирго ботІрол расуца ракъвазеги гьаруна гьел. 45 Саламалъул убач гьабичІо дуца дида, гьалъин абуни дун гьаниве вачІаралдаса нахъего убачазул цІезарулел руго дир хІатІал. 46 Салам гьабун нах бахинчІо дуца дир бетІералда, гьалъин абуни дир хІатІазда бахунеб буго бищунго махІгьуинаб нах. 47 Гьединлъидал дица дуда абулеб буго: гьелъул мунагьал цІикІкІун чуридалин гьелъие дун цІикІкІун вокьулев вугев. Мунагьал дагь чурулесе дагь гурони вокьуларо. 48 Дой гІадамалда гьес абуна: – Мун мунагьаздаса яцІцІалъана, – ян. 49 Цадахъ кваналел рукІаразда ракІалде ккана: – Гьавго щив, гІадамал мунагьаздасацин рацІцІад гьаризе кІолев, чи? 50 ГІисаца дой гІадамалда абуна: – Дурго божи-иманалъ хвасар гьаюна мун. Гьанже а дурго.

8

1 Гьелдаса хадуб ГІиса Аллагьасул ПарччахІлъи тІаде гІунтІун букІин лъазабулаго ва Рохалил хабар бицунаго шагьаразда ва росабалъ тирулев вукІана. АнцІила кІиявго чапарги вукІана гьесда цадахъ. 2 ГІисада цадахъ рукІана гьес сахлъизарурал ва жундуздаса рацІцІад гьарурал руччаби: жиндир чорхолъа гьес анкьго илбис бачахъарай Магдалина абураб тІокІцІар бугей Марямги, 3 Гьеродил рукъалъул иш тІадкъарав Хуза абулев чиясул лъади Иоаннаги, Сусаннаги ва цогидалги, жидер боцІи-рикъзиялдасан кумек гьабун, гьезие хъулухъалъе чІун рукІарал руччаби. 4 Цо нухалъ гІемераб халкъ бакІарун букІана гьесда аскІобе. Мисал бачун гьадинаб хабар бицана ГІисаца гьезие: 5 – Хуриб хьон хьазе вахъун вукІанила цо чи. Хьалаго-хьалаго цо-цо мугьал нухде рортанила. ХІатІикь мерхьунел рукІарал гьел мугьал роржун рачІун хІанчІаз рищанила. 6 Цо-цо мугьал ракьул хъал гурони тІад гьечІеб тІалде кколел рукІанила. ТІаде раккаралго ракъванила гьел, ракьулъ регьел букІинчІелъул. 7 Цогиги мугьал заз-хъарахъалда гьоркьоре кканила, хІалигъун бижараб заз-хъарахъалъ гъанкъун реханила. 8 Цогидал мугьал кканила лъикІаб ракьалде. Нус-нус мугь тІад бугел тІорал рижанила гьездаса. Гьедин гьеб хабарги лъугІизабун, ахІун абуна ГІисаца: – ГІундул ругезда рагІизе биччанте гьеб! – ан. 9 Гьеб мисалалъул магІна щибилан гьикъана муридаз. 10 ГІисаца абуна: – Нуж руго Аллагьасул ПарччахІлъиялъул балъголъи лъазе рес щварал гІадамал, амма цогидазе – мисалаздалъун кьун буго, ралагьун ругониги гьезда бихьунгутІизе, гІенеккун ругониги бичІчІунгутІизе. 11 Гьале доб мисалалъул магІна: хуриб хьалеб хьон буго Аллагьасул рагІи. 12 Нухде рортарал хьодул мугьал – гьел руго Аллагьасул рагІухъ гІенеккулел гІадамал, цинги бачІун илбисалъ гьезул рекІелъа гьеб босун уна, гьел божунгутІизе ва хвасарлъунгутІизе. 13 Ракьул хъал гурони тІад гьечІеб тІалде рортарал мугьал – гьел руго Аллагьасул рагІи рохун къабул гьабуниги, дагьабго заманаялъ гурони гьелда божуларелал, – жидер кьалбал щулиял гьечІелъул, хІалбихьулел къоял тІаде гІунтІидал, жал ратІалъунги чІолел. 14 Заз-хъарахъалде гъорлъе рортарал мугьал – гьел руго Аллагьасул рагІухъ гІенеккулелал, – амма къокъун унеб бугеб гІумруялъул тІалаб-агъазалъ ва бечелъиялдаги тІагІам-лазаталдаги хадур хачадиялъ гьел гъоркькъинарула, гьезда тІорги цІубаларо. 15 ЛъикІаб ракьалде рортарал мугьал – гьел руго Аллагьасул рагІи рагІидал, хІеренаб-хІалимаб рекІелъ гьеб цІунулел ва гьеб сабру сабаблъун жидее бачІинги щолел гІадамал. 16 РекІараб чирахъ тІад хьаг лъун лъицаниги бахчизабуларо, хьонбакІалда гъоркь лъоларо. Жанире лъугьаразе канлъи букІунедухъ борхатаб бакІалда лъола гьеб. 17 Кинабго бахчарабщинабги тІатунелъул, балъгоябщинабги къватІибе загьирлъулелъул. 18 Гьединлъидал нужеца хал гьабе кин нуж дихъ гІенеккун ругелали. Кодолъи бугесе тІадеги кьезе буго, кодолъи гьечІесухъа бахъизе буго бугебилан гьесда кколебги. 19 ГІисахъе рачІана эбелги вацалги, амма халкъалъул гІемерлъиялъ гьесда аскІобе нух бахъизе кІвечІо гьезда. 20 Дур эбелги вацалги мун вихьизе бокьун къватІир чІун ругилан абуна гьесда. 21 Гьес гьезда абуна: – Дир эбелги дир вацалги руго Аллагьасул рагІи жидеда рагІулел ва гьеб тІубазабулел гІадамал. 22 Цо къоялъ жиндирго муридазда цадахъ гьев росода рекІана. – РачІа доб рахъалде рахине, – ян абуна гьес гьезда. Расаги бачун ана гьел. 23 Гьедин унел гьал рукІаго, ГІиса кьижун ккана. ХІоралда тІад кутакаб гьури багъарана. Раса лъадал цІолеб букІана. Гъанкъиялда хІинкъи букІана. 24 АскІоре ун, гьез ГІиса ворчІизавуна: – Я, НасихІатчи! НасихІатчи! Нилъ гъанкъизехъин руго! – ян абун. Макьидаса вигьун, гьес гьорода лъазабуна тІокІаб пугейилан, лъадаеги амру гьабуна гьалаглъугейилан. Гьел мутІигІлъана. СихІ къотІун лъугьана. 25 Гьебмехалъ ГІисаца абуна: – Киб бугеб нужер божи-иман? ХІинкъиялъ гІажаиблъун хутІарал гьез цоцазде ургъел бикьулеб букІана, гьороеги карачалабазеги амру гьабулев ва гьелги жиндие мутІигІав гьавго кинав чийилан. 26 Гьале гьал щвана Галилеялда дандбитІун доб рахъалда бугеб герасеназул улкаялде. 27 Гьев ракъдаде рещтІараб мехалъ, гьесда данде вачІана цеве шагьаралда вукІарав цо чи. Гьев вукІана цевегоялдаса жундуз ккурав чи. Цебегоялдаса нахъе тІад ретІелги ретІунароан гьес, мина-руссеналъувги чІолароан гьев, хабалазул нохъазда букІана гьесул чІейи. 28 ГІиса вихьаравго чІчІичІчІидулаго-ахІдолаго гьесда цеве кІалагъоркье речІчІана, ва кІудияб гьаракь гьабун, абуна гьес: – ТІадегІанав Аллагьасул Вас ГІиса, щиб дуе дидасан къваригІараб? Дие гІазаб кьогейилан гьарула дица дуда! 29 (ГІисаца хъубаб женалъе амру гьабун букІиндалха гьев чиясул чорхолъа къватІибе лъугьаян. Чанго нухалъ хъубаб женалъ ккун вукІиндал, кверазда рахсал ран, бохдузда маххал ран вухьунаан гьев. Амма, гьес рухьен тІутІураб мехалъ, женалъ гьев гІадан-чи гьечІеб бакІалде хъамулаан.) 30 ГІисаца гьикъана дуда цІар щибилан. – «Бо» буго, – ян жаваб кьуна. ГІемерал жундул рукІиндалха гьесул чорхолъ. 31 Жундуз ГІисада гьарана жал жужахІалъул кІкІалахъе гъогеян. 32 Гьениб магІарда кваналеб букІана болъоназул кІудияб рехьед. Гьел болъоназда гъорлъе лъугьине риччайин гьарана жундуз ГІисада. Гьес изну кьуна. 33 Гьев чиясул чорхолъа къватІире рачІун хъубал жундул болъоназулъе лъугьана. ГьебсагІат рехьед цо борхатаб бакІалдасан хІоринибе кІанцІана ва гьениб гъанкъана. 34 Гьеб кинабго бихьун болъоназул гІухьби лъутун ана, шагьаралдаги росабалъги гьелъул хІакъалъулъ бицине. 35 Щиб лъугьарабали лъазе гІадамал рачІана гьенире. ГІисада аскІоре щведал, гьесул хІатІазда цеве гІодов чІун ватана гьезда дов жундуз ккун вукІарав чи: тІад ретІелги буго гьесда, камилаб гІакълу-лъаялдаги вуго. ГІадамазул рекІелъе хІинкъи лъугьана. 36 Гьенир рукІараз бицана жундуз ккурав чи ГІисаца кин сахлъизавуравали. 37 Герасеназул тІолабго улкаялъул гІадамал кутакалда хІинкъидал, гьез ГІисада гьарана жидеда аскІоса нахъе айилан. Гьебмехалъ, росодаги рекІун, тІадвуссун ана гьев. 38 Дов жундуз ккун вукІарав чияс ГІисада гьарана живги цадахъ вачейилан. Амма ГІисаца гьев вачинчІо. 39 Гьес абуна: – Дурго рокъове тІадвусса ва Аллагьас дуего гьабуралъул хІакъалъулъ бице. Инеги ун гьев чияс кинабго шагьаралдаго бицана ГІисаца жиндиего гьабуралъул хІакъалъулъ. 40 ТІадвуссун Галилеялде вачІараб мехалъ, халкъалъул руккелалъ дандчІвай гьабуна ГІисада. Гьев вачІиналъухъ ралагьун чІун рукІиндалха гьел киналго. 41 Гьале синагогаялъул хІакимлъун вукІарав Яир абулев цо чи вачІана гьениве, ГІисал хІатІазда цеве кІалагъоркьеги речІчІун гьардана жиндир бакІалде вилълъаян. 42 Гьев чиясул анцІила кІигогІан сон барай цохІо йигей яс йикІана хвалде ккун унтун. Гьелъухъе унаго халкъалъул руккелалъ ГІиса данде къазавулев вукІана. 43 АнцІила кІиго соналъ би къотІичІого ва черх бацІцІалъичІого йикІарай, лъиданиги сахлъизайизе кІвечІей цо чІужугІаданалъ, 44 аскІоеги ячІун, нахъасан ГІисал гІабаялдасан далун букІараб цо гІертелалда квер хъвана. ГьебсагІат къотІана гьелъул чорхолъа чвахулеб букІараб би. 45 ГІисаца гьикъана: – Дида квер лъица хъвараб? – ан. Киназго инкар гьабидал, Пётрица абуна: – Я, НасихІатчи, халкъалъ мун гьоркьов вазавун вугогури, данде къазавулев вугогури. 46 Амма ГІисаца абуна: – Цо лъицаялиго дида квер хъвана. Дидасан гьесде цо чи сахлъизавизе кІолеб къуват араблъи загьирлъана дие. 47 Жиндир иш балъго хутІичІеблъи лъан, дой чІужугІадан сородилаго ГІисада аскІое ячІана, гьесда цее кІалагъоркье речІчІун, бицана щай жинца гьесда квер хъварабали ва кин жий гьебсагІат сахлъараялиги. 48 Гьес гьелда абуна: – Дурго божи-иманалъ хвасар гьаюна, яц, мун. Гьанже а дурго! 49 Гьелдехун кІалъалев ГІиса вукІаго, синагогаялъул хІакимасул бакІалдаса цо чи вачІана ва инсуда абуна дур яс хванилан, гІадада МугІалимасул рахІат хвезабугейилан. 50 Гьеб рагІидал, ГІисаца ясалъул инсуда абуна: – Мун хІинкъуге, божун вукІа. Дур яс сахлъила, – ян. 51 Гьезул бакІалде щведал, Пётрги, Иоаннги, Якъубги ва ясалъул эбел-эменги гурони, цогидал гьес жанире риччачІо. 52 Киналго, гьей ясалъухъ керен бухулаго, гІодулел рукІана. Амма гьес абуна: – Нуж гІодуге. Гьей хун гьечІо, кьижун ккун йиго, – ян. 53 Гьел гьасда тІад релъанхъизе лъугьана, гьей хун йикІинги лъан. 54 Амма гьес, ясалъул кверги ккун, гьелде ахІана: – ТІаде яхъа, ясай! – абун. 55 Ясалъул чорхолъе рухІ тІадбуссун бачІана, гьей гьебсагІат тІаде яхъана. Гьелъие квен кьеян абуна ГІисаца. 56 ГІажаиблъун хутІана гьелъул эбел-эмен. Амма гьеб лъугьа-бахъиналъул хІакъалъулъ лъиданиги бицунгеян лъазабуна ГІисаца гьезда.

9

1 АнцІила кІиявго чапарги ахІун, унта-щокъалги жундуз ккуралги сахлъизаризе къуватги ихтиярги кьуна гьезие ГІисаца. 2 Цинги гьел чапарзаби ритІана Аллагьасул ПарччахІлъиялъул хІакъалъулъ лъазабизе ва гІадамал сахлъизаризе. 3 Гьес гьезда абуна: – Я гІанса, я таргьа-къвачІа, я квен-тІех, я гІарац-месед, я хисизе ретІел – щибниги босуге нужеца цадахъ. 4 Цо лъилниги рокъоре лъугьани, гьеб ракьалдаса нахъе инегІан, гьенир чІа. 5 Ваамма нуж къабул гьаричІони, гьеб шагьаралдаса къватІире рахъунаго, нужерго хьитаздаса хІурги кІутІун те. Аллагьасда цебе гьез жаваб кьезе букІине хутІа абе гьеб. 6 Рахъун гьел росабалъа росабалъе ана, Рохалил хабар бицунаго ва киса-кирго унтаралги сахлъизарулаго. 7 Гьерод ханасдаги рагІана ГІисал гьел киналго ишазул хІакъалъулъ, ва гьев малъкъосун хутІана. Цо-цо гІадамаз абулеб букІиндалха хваралъуса вахъун ЯхІя вачІун вугилан. 8 Цогидаз абулеб букІана Иляс авараг вачІун вугилан, цо-цояцайин абуни, цебе заманаялъул аварагзабазул цояв чІаголъун вугилан хабар биччан букІана. 9 Гьеродицани абулеб букІана: – ЯхІял дица бетІер къотІана; жиндир хІакъалъулъ дида гьадинал харбал рагІулел ругев чи щивха кколев? Гьев вихьизе гъира букІана Гьеродил. 10 ТІадруссун рачІун чапарзабаз ГІисада бицана жидецаго гьабура-таралъул хІакъалъулъ. Цинги, цохІо гьелги рачун, гьев ана Байтсаида абулеб шагьаралде. 11 Амма, гІадамазда лъан, гьелги гьесда хадур ана. Гьес гьел тІаде къабул гьаруна. Гьезие Аллагьасул ПарччахІлъиялъул хІакъалъулъ бицана ва гьесул кумекалде хІажалъарал сахлъизеги гьаруна. 12 Гьале маркІачІумех щолеб букІана. АскІове вачІун анцІила кІиявго чапарас гьесда абуна: – Сордо базеги жидеего квание гІамал гьабизеги гІагардаса гІебеде ругел росабалъе ва кулабазде айилан абе гьал гІадамазда, гІадан-чиго гьечІеб бакІ бугин гьаб. 13 ГІисаца гьезда абуна: – Нужеца кваназаре гьел. Гьез абула: – Щуго чедги кІиго ччугІаги гурони гьечІо нижехъ, гьел киназего гІураб кваназе жо босизе ани гурони. 14 (Гьенив вукІана щуазаргогІанасев бихьинчи.) Жиндирго чапарзабазда гьес абуна: – Нужеца гьел, гІага-шагарго кІикъоялда анцІ-анцІ чи кколедухъ, кьера-кьерал гьарун чІезаре, – ян. 15 Гьес абухъе гІодор чІезаруна гьез гьел киналго. 16 ГІисаца щуябго чедги кІиябго ччугІаги кодобе босана, зобалаздехун вуссун кванде дугІа гьабуна ва бек-бекун муридазухъе кьуна халкъалъе бикьейилан. 17 Киналго гІорцІизегІан кванана, анцІила кІиго гьегь цІураб нахъегицин хутІана. 18 Цо нухалъ ГІиса живго цохІо вукІана Аллагьасда гьарделев. Муридалги рукІана гьесда цадахъ. Гьес гьезда гьикъана: – Щивлъун дун гІадамаз рикІкІунев? – абун. 19 Гьез жаваб кьуна: – Цояз мун ЯхІя авараг вугилан абулеб буго, цогидаз абулеб буго Иляс авараг вугилан, цо-цояз абулеб буго цебе заманаялъул аварагзабазул цояв вугин хваралъуса вахъун вачІунилан. 20 Гьес гьезда гьикъана: – Нужеца щивлъунха дун рикІкІунев? – абун. – Мун Аллагьасул МасихІ вуго, – ян жаваб кьуна Пётрица. 21 Гьес гьезда кьварун лъазабуна лъиданиги гьелъул хІакъалъулъ бицунгейилан. 22 ГІисаца бицана ГІадамил Лъимаца гІемераб гІазаб-гІакъуба хІехьезе ккезе бугин, чІухІби-хІакимзабазги, чІахІиял кашишзабазги, диниял гІалимзабазги гьесдаса инкар гьабизе бугин, чІвазе вугин ва лъабабилеб къоялъ Аллагьас чІаголъизавизеги вугин. 23 Цинги гьес киназдаго абуна: – Дида цадахъ вилълъине бокьарав чи ватани, гьес жиндирго напсалдаса инкар гьабе, жиндаго тІаде ккараб хъанчил гІазабги щибаб къоялъ бачче ва дида хадув вачІа. 24 Щаян абуни, жиндирго гІумру цІунизе бокьулев чи гьелдаса махІрумлъила, дие гІоло гІумруялдаса махІрумлъизе разилъарас гьеб хвасар гьабила. 25 Живго рецІалие кьун яги тІагІун хадуб, тІолабго дуниялалъул кверщел хъатикье щвеялъул щиб пайда бугеб инсанасе? 26 Дунги дир рагІабиги сан гьаричІев чи ГІадамил Лъимацаги сан гьавизе гьечІо, жиндиргоги, Инсулги, мукъадасал малаикзабазулги нуралъ гвангъун гьев вачІунеб мехалъ. 27 ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: Аллагьасул ПарччахІлъи бихьичІого жидеца хвалил лълъар гьекъезе гьечІел гІадамалги ругелха гьанир эхетаразда гьоркьор. 28 Гьес гьедин абуралдаса микьгогІанасеб къо индал, Пётрги, Иоаннги, Якъубги цадахъ рачун, Аллагьасе гьари-дугІаялъе магІарде вахана ГІиса. 29 Гьари-дугІаялда ГІиса вукІаго, гьесул гьурмал куц хисана, ретІелги хъахІлъана, кенчІезе лъугьана. 30 Гьале кІиго чи ГІисада гаргадула. Гьел рукІана Мусаги Илясги. 31 ТІад нур чІун букІана ГІисадаги гьездаги. Гьез бицунеб букІана Иерусалималда цІезабизе бугин ГІисал къадаралъул лълъар. 32 Ригьунаредухъ кьижун рукІана Пётрги цадахъ ругелги. Ригьараб мехалъ гьезда бихьана ГІисада тІад чІараб нур, кІиго чиги вугоан аскІов эхетун. 33 Гьев кІиявго чи ГІисада аскІоса нахъе унеб мехалъ, Пётрица гьесда абуна: – Я, НасихІатчи! ЛъикІ буго гьаниб нилъее. РачІа лъабго хъощ базин: цо дуе, цо Мусае, цо Илясие. (Гьедин абуна Пётрица щиб абилебали лъаларого хутІидал.) 34 Гьев кІалъан вахъиналдего, цо хъахІаб накІкІул парча бачІун рахчизаруна гьел, ва, гьеб накІкІукье ккедал, хІинкъана муридал. 35 Цинги накІкІуда гьоркьосан бахъана цо гьаракь: – Гьав ккола дица витІизе тІаса вищарав дир Вас. Гьасухъ гІенекке нуж! 36 Гьеб гьаракь къотІараб мехалъ, ГІиса нахъеги живго хутІун вугоан. Муридаз гьеб балъго гьабуна ва жидедаго бихьаралъул хІакъалъулъ доб мехалъ лъиданиги бицинчІо. 37 Нахъисеб къоялъ, магІардаса гъоркье рещтІиндал, ГІисада данде гІемераб халкъ бачІана. 38 Гьале халкъалъул руккелалда гьоркьосан цо чияс ахІана: – Я, МугІалим! Дир цохІо вугев васасухъ валагьеян гьарула дица дуда. 39 Женалъ ккола гьев ва тохлъукьего чІчІичІчІидизе лъугьуна, цинги, кІалдиб полопги бан, тІеркІезавула. ГІемераб гІазаб-гІакъуба кьун хадув гурони виччан толаро. 40 Дур муридазда гьарана дица гьеб жен бачахъеян, амма гьезухъа бажаричІо. 41 ГІисаца абуна: – ГІай, нуж иман гьечІеб ва пасатаб уммат! КидалъагІан дун нужеда цадахъ вукІинев ва кидалъагІан нуж хІехьезе кколел? Ваче гьаниве дурго вас. 42 Вачун вачІунаго, жен васасде тІаделъана, тІамун гІодовгун, тІеркІезавуна. Амма ГІисаца гьеб хъубаб жен чІезабуна ва сахлъизавун васги инсухъе кьуна. 43 Киналго хІикмалъун хутІана, Аллагьасул хІалкІолъи бихьуларищан. Кинабго халкъ ГІисал мугІжизаталъ гІажаиблъизабун бугеб мехалъ, жиндирго муридазда гьес абуна: 44 – Гьал дир рагІаби гІинзунир лъе нужеца: ГІадамил Лъимер кьезе вуго гІадамазда кодове. 45 Амма гьезда бичІчІичІо гьел рагІабазул магІна. БичІчІичІого букІинелъун, гьездаса бахчун букІана гьеб. Гьелъул хІакъалъулъ гьикъизеги хІинкъана гьел. 46 Гьезул дагІба ккана жидеда гъорлъ щивдай бищунго кІудиявлъун вугевилан. 47 Гьезул рекІелъ бугеб пикруги бичІчІун, кодобе босун, жиндаго аскІоб лъуна ГІисаца цо лъимер. 48 Гьес гьезда абуна: – Цо гьадинаб лъимер лъицаниги, дие гІоло, къабул гьабуни, гьеб бащалъизе буго дун къабул гьавиялда. Дун лъицаниги къабул гьавуни, гьеб бащалъизе буго дун нужехъе витІарав Аллагьги къабул гьавиялда. Гьединлъидал нужеда гъорлъги бищунго гьитІинав ккола бищунго кІудиявлъун. 49 Гьебмехалъ Иоанница абуна: – Я, НасихІатчи! Нижеда ватана цо чи дур цІаралдалъун жундул рачахъулев. Нилъеда нахъвилълъунев гьечІелъул, нижеца гьукъана досие гьеб иш гьабизе. 50 ГІисаца гьесда абуна: – Гьукъуге гьесие гьеб. Нужеда дандечІоларев чи ккола нужер рахъалда вугев чи. 51 Зобалазде живго вачунеб заман гІагарлъидал, Иерусалималде ине таваккал тІамуна ГІисаца. 52 Жиндасаго цере муридал ритІана гьес сапаралде. Самариялъул цо росулъ чІана гьел, ГІиса вачІиналде хІадурлъи гьабун. 53 Амма гьениб ГІисае гьоболлъи гьабичІо, гьев Иерусалималде унев вукІин лъан. 54 Гьебмехалъ гьесул муридал Якъубица ва Иоанница абуна: – Я, БетІерчІахъад! Дуе бокьилаанищ зодисан цІадул балагь рещтІун гьал хвезареян нилъеца абизе. 55 Гьелъие изну гьечІилан абуна ГІисаца, гьездехунги вуссун. 56 Цинги гьел цоги росулъе ана. 57 Нухда унаго цо чияс ГІисада абуна: – Мун киве аниги, дуда цадахъ вилълъина дунги. 58 ГІисаца гьесда абуна: – Царал жиндирго рукІун буго, хІанчІил бусен буго, амма ГІадамил Лъимадул бетІер бегьизе бакІ гьечІо, – ян. 59 Цоги чиясдани ГІисаца абуна: – Дида цадахъ вилълъа, – ян. Амма дос абуна: – Дир хварав эмен вукъизе ине изну кье дие. 60 ГІисаца гьесда абуна: – Хвараца рукъизе те хварал чагІи. Мунин абуни Аллагьасул ПарччахІлъи тІаде гІунтІун букІин лъазабизе а. 61 Цогиги чиясги гьесда абуна: – Дун дуда цадахъ вилълъина, БетІерчІахъад! Амма агьлу-хъизаналъулгун къолъикІ гьабизе ине изну кье. 62 ГІисаца гьесда абуна: – Хур бекьизе пурцил гІоркьги ккун, нахъ-нахъ валагьулев чи Аллагьасул ПарччахІлъиялъе ярагьунаро.

10

1 Гьелдаса хадуб ТІадегІанав ГІисаца тІаса вищана жеги лъабкъоялда анцІго чи ва жиндасаго цере кІи-кІиккун ритІана живго щвезе ракІалда букІарабщинаб шагьаралдеги росулъеги. 2 Гьес гьезда абуна: – Хуриб хІалухъен гІемер бижун буго, хІалтІухъаби дагь руго. Гьеб лъилъизе кверщел кодоб бугев БетІергьанасда гьаре лъилъарухъаби ритІеян. 3 Гьанже а! Гьале дица нуж ритІулел руго бацІазда гъорлъе кьагІи гІадин. 4 Я гІарац лъун таргьа босуге, я къайи лъун къвачІа босуге, я хисун ретІине хьитал росуге, нухда данде ккарасе саламги кьоге. 5 Лъил бакІалде нуж щваниги, гьезие рекъел гьарун, «Ассаламу гІалайкум (Рекъел нужее)» абун лъугьа гьесул къавулъе. 6 Саламалъе (ай ракълие) мустахІикъав чи вугони – нужер салам гьесде щвела, гьечІони – гьеб нужедего тІадбуссина. 7 Гьеб къавулъ чІа нуж, гьезда цадахъ квана-гьекъон, – хІалтІухъанасе мухь хІалалаб букІунелъул. Цо къавулъа цоги къавулъе гочаруге. 8 - 9 Цо шагьаралде щун, нуж гьенир къабул гьаруни, нужее кьурабги кванай, гьенир ругел унтаралги сахлъизаре, Аллагьасул ПарччахІлъи нужеде тІаде гІунтІун бугиланги бице гьезда. 10 Ваамма цо шагьаралде щун, нуж гьенир къабул гьаричІони, къотІнореги рахъун, гьадин абе: 11 «Нужер шагьаралда нижер хІатІазда тІад чІараб хІургицин нижеца къватІазде нужеего кІутІулеб буго. Амма лъан букІаха Аллагьасул ПарччахІлъи тІаде гІунтІун бугеблъи». 12 Дица нужеда абулеб буго: къиямасеб къоялъ Содомалъул халкъ гІемерго лъикІ букІина гьеб шагьаралъул халкъалдаса. 13 Балагьги гІазабги дуе, Хоразин шагьар! Балагьги гІазабги дуе, Байтсаида шагьар! Амма Тиралъулгун Сидоналъул гІадамазда рихьун рукІаралани нужеда рихьарал гІадинал мугІжизатал, тІутІу-хъухъураб парталги ретІун, ботІроде рахъуги бан, ракьалда гІодорги чІун, церего руссинаан гьел Аллагьасде. 14 Гьединлъидалин Тиралъулги Сидоналъулги халкъалъе къиямасеб къоялъ нужееялдаса бигьа букІине бугеб! 15 Дудаги, Капернаум, зобалазде бахине гьабилинищ ракІалде кколеб бугеб? ЖужахІалъул кІкІалахъе рехила мун! 16 Нужехъ гІенеккулел дихъги гІенеккула, нужеде инкар кколез дидеги инкар ккола, диде инкар кколез дун жинца витІарав Аллагьасдеги инкар ккола. 17 Лъабкъоялда анцІавго мурид рохуца холаго тІадруссун рачІана. – Я, БетІерчІахъад! – ан абуна гьез. – Жундулгицин мутІигІлъула нижее, дур цІар рехсон гьезие амру гьабураб мехалъ. 18 ГІисаца гьезда абуна: – Дида бихьана илбис пири гІадин зодисан бортун унеб! 19 Гьале дица нужее къудрат кьуна щибго зарал гьечІого борхьалги ичІкІалалги хІатІаз мерхьине ва тушманалъул тІолабго къуват-гучалда тІад кверщелги кьуна. 20 Амма нуж рохуге хъубал жундул нужее мутІигІлъулел ругилан, нуж роха зобалазда жидер цІарал хъваразда гьоркьор рукІиналдаса. 21 Илагьияб РухІалъ цІурав ва вохизавурав ГІисаца гьебмехалъ абуна: – Дуе рецц буго, дир Эмен, зоб-ракьалъул БетІергьан, цІодораздаса ва гІакъилаздаса балъго гьабун, лъимер гІадиназе гьаб кинабго дуца загьир гьабуралъухъ. Уха, дир Эмен, гьелъулълъидалха бугеб дур цІобалъул гІатІилъи! 22 Кинабго дие дир Инсуца кьураб буго. Инсуда гурони, лъиданиги лъаларо Вас щивали. Васасда ва Эмен жидее загьир гьавизе Васасе бокьарал гІадамазда гурони, лъиданиги лъаларо Эмен щивали. 23 Муридаздехун вуссун, цохІо гьезда абуна ГІисаца: – Гьардарал гурищха гьаб кинабго бихьулел нужер берал. 24 Дица нужеда абулеб буго: гІемерал аварагзабазеги парччахІзабазеги бокьун букІана нужеда бихьулеб бугеб бихьизе, амма гьезда бихьичІо. Нужеда рагІулеб бугеб рагІизеги бокьун букІана, амма гьезда рагІичІо. 25 Гьале цо динияв гІалимчияс, гьесул хІалбихьизе, суал кьуна: – Я, МугІалим! Абадияб рукъалъул бутІа щвезе щиб дица гьабизе кколеб? 26 ГІисаца гьесда абуна: – Къануналда кин бугеб? Щиб цІалараб дуца гьелъул хІакъалъулъ? 27 Дос жаваб кьуна: – «Дурго БетІергьан Аллагь дуе вокьа дур тІолабго ракІалдалъун, дур тІолабго рухІалдалъун, дур тІолабго къуват-жаналдалъун, дур тІолабго гІакълу-пикруялдалъун» ва «Мунго гІадин вокьа дуе дуда аскІов вугевги». 28 ГІисаца гьесда абуна: – Дуца битІун жаваб кьуна. Гьеле гьедин гьабуни, абадияб гІумру букІина дур. 29 Живго ритІухъ гьавизелъун, дов чияс гьикъана: – Щивха кколев «дида аскІов вугев»? 30 Гьанже ГІисаца гьесие, мисал бачун, хабар бицана: – Цо чи унев вукІана Иерусалималдаса Иерихоналде. ТІаде кІанцІун хъачагъаз гьесухъа къайи бахъана, кьабун-вухун, хвалде ккезавун гьевги тун, нахъе ана. 31 Гьале цо кашиш ккана досда тІаде, амма гьев нухлул добцояб рахъалдехун лъугьана. 32 Гьединго цо левитги ккана досда тІаде, гьевги лъугьана нухлул добцояб рахъалде. 33 Сапаралда вукІарав цо самариявги ккана досда тІаде. Дов вихьаравго, гурхІизе бачІун, 34 аскІове ун, чогъроца чурун ва нах бахун, досул ругънал къачІана гьес, жиндирго гІорцІмидаги рекІинавун, петералде вачун, досие хъулухъги гьабуна. 35 Нахъисеб къоялъ, петералъул бетІергьанасе кІиго динарги кьун, самарияс абуна: «Дуца тІалаб гьабе досул. Гьалдаса цІикІкІун дуца хвезабизе ккани, тІадвуссун вачІунаго гьебги бецІила дица дуе». 36 Хъачагъаз зулму гьабурасда «аскІов вугевлъун» щив рикІкІинев гьел лъабаздаго гьоркьоса? 37 – Досда гурхІун кумек гьабуравха, – ян жаваб кьуна динияв гІалимчияс. ГІисаца гьесда абуна: – Инеги ун, дуцаги гьедин гьабе, – ян. 38 Гьедин ГІисаги муридалги сапаралда рукІаго, гьев цо росулъе щвана. Марта абулей цо гІаданалъ ГІиса гьоболлъухъ вачана. 39 Гьелъул йикІана Марям абун яцги. ТІадегІанав ГІисал хІатІаахада гІодойги чІун, гьесул харбихъ гІенеккун йикІана гьей. 40 Мартайилан абуни, гьебмехалъ гьезие кІудияб гьоболлъи гьабизе квалквадилей йикІана. ГІисада аскІое ячІун, гьелъ абуна: – Я, БетІерчІахъад! Дуе агъазго гьечІо яцалъ дун гьаний квалквадизе тун йикІиналъул. Дие кумек гьабизе яхъаян абе гьелда. 41 ТІадегІанав ГІисаца, гьелъие жаваб кьун, абуна: – Марта! Марта! Мун гІемераб жоялда квер чІвазе лъугьун йиго, 42 амма цо жо кквезе ккола чияс. Гьале Марямица лъикІаб бутІа тІаса бищана, лъиданиги кІвеларо гьелъухъа гьеб бахъизе.

11

1 Цо пуланаб бакІалда Аллагьасе гьари-дугІаялда вукІана ГІиса. Гьесул гьари-дугІа лъугІарабго, цо муридас ГІисада абуна: – Я, БетІерчІахъад! ЯхІяца жиндирго муридазда малъараб гІадин, нижедаги малъе Аллагьасе гьари-дугІа гьабизе. 2 Гьес гьезда абуна: – Нужеца дугІа гьабулаго гьадин абе: Я, Эмен, дур цІар гІадамаз мукъадасаблъун рикІкІаги, дур ПарччахІлъи тІаде щваги, 3 щибаб къоялъ нижер бетІербахъиялъе хинкІ-чед кье нижее, 4 нижер мунагьазда тІасаги лъугьа, гІадамаз нижее гьабуралда нижги тІасалъугьунел ругин. Нижер хІалбихьизеги биччаге. 5 Цинги гьес бицана: – Масала, нужер цоясул вуго гьудул, сордо бащалъараб мехалъ гьесул нуцІихъе ун дуца абулеб буго: «Я, дир гьудул, къаси дие цо лъабго чед кьеларищ дуца? 6 Сапаралда вугев цо гьудул гьоболлъухъ вачІун вуго дихъе, гьесда цебе лъезе квен гьечІого вуго дун», – абун. 7 Унго, дос жанисан гьадинаб жаваб кьеладай дуе: «Дир рахІат хвезабуге. НуцІаги рахан буго, лъималги руго дида аскІор бусада кьижун. ТІаде вахъун дуе чед кьезе кІоларо дида». 8 Амма дица абила гьадин: гьудуллъиялъул къимат гьабун кьечІониги, дур тІасавичІунгутІиялдаса ворчІичІого, гьайгьай, тІаде вахъун дос дуе кьела къваригІарабгІанаб чед. 9 Гьединлъидал дица нужеда абулеб буго: гьаре нужеца – нужее кьечІого толаро; балагье нужеца – батичІого хутІуларо; нужеца нуцІа бухе – гьеб рагьичІого толаро. 10 Гьарарасе кьола, балагьарасда батула, бухарасе нуцІаги рагьула. 11 Нужеда гъорлъ вугищ цониги эмен, васас ччугІа гьарараб мехалъ, гьесухъе борохь кьолев? 12 Яги, хоно гьарани, гьесухъе ичІкІал кьолев? 13 Нужго квешал ругониги, лъималазе нужеца лъикІабщинаб кьолеб мехалъ, жинда гьарарасе кигІан цІикІкІун рещтІинабилеб зобалазда вугев Инсуца Илагьияб РухІ. 14 Цо нухалъ цо чиясул чорхолъа ГІисаца бачахъана гІадан мацІ лъаларевлъун лъугьинавулеб жен. Чорхолъа жен индал, мацІ лъаларев чи гаргадизе лъугьана, гьелда гІажаиблъи гьабун халкъги хутІана. 15 Цо-цо гІадамаз абулеб букІана гьес инсанасул чорхолъа жундул рачахъулел ругин жундузул хан Беэлзебулил кумекалдалъун. 16 Цогидаз, гьесул хІалбихьизелъун, тІалаб гьабуна зодисан гІаламат бихьизабеян. 17 Гьезул пикрабиги лъан, ГІисаца гьезда абуна: – Бокьараб ханлъиялда жаниб кьал ккани – гьеб ханлъи биххула, хъизаналда жаниб кьал ккани – гьеб хъизанги биххула. 18 Гьединго илбисги жибго жиндаго дандечІун кьалда бугони, гьелъул ханлъи биххичІого хутІилищ? Нужецани абулеб буго Беэлзебулил кумекалдалъун рачахъулин дица гьел. 19 Дица гьел Беэлзебулил кумекалдалъун рачахъулел ратани, нужер умматалъул гІадамаз лъил кумекалдалъунха гьел рачахъулел? Гьеле гьел гІадамаз нуж мекъи рукІин чІезабила гури. 20 Амма дица жундул Аллагьасул кумекалдалъун рачахъулел ругелъул, Аллагьасул ПарччахІлъи нужеде гІагарлъун букІин бичІчІула гьелдасан. 21 Кодоб ярагъгун цо къуватав-кутакав чияс жиндирго рукъ цІунулеб бугони, гьесул боцІи-рикъзиялъе хІинкъи букІунаро. 22 Амма гьесдасаги къуватав тІаде кІанцІани, гьев къезавила, гьесул ракІчІей букІараб ярагъги кодоса босила, гьесухъа бахъун давлаги жидеразего бикьила. 23 Дунгун цадахъ гьечІев чи – гьев вуго дида дандечІарав чи. Диргун жубай гьечІев чияс журай биххизабила. 24 Инсанасул чорхолъа бачахъараб хъубаб жен ракъдалал авлахъазда терелеб-женжедулеб букІуна, жиндиего рахІат-хІалхьи балагьулаго. Амма рахІат-хІалхьи батуларо женалда. Гьелъ абула: «РачІа, дун цебе дунго букІараб рокъобе тІадбуссина», – ян. 25 ТІадбуссун щведал, гьелда рукъ батула лъухьун, къачІан. 26 Гьанже женалъ жиндасаги гІасияб анкьго женги бачуна гьеб рокъобе. Рахъун гьенир чІола гьел. Гьебмехалъ дов чи цебе букІаралдасаги квешаб хІалалде ккола. 27 ГІисаца гьедин абидал, цо чІужугІаданалъ ахІана халкъалъул руккалида гьоркьосан: – Гьардарай гурищха мун гьавурай, дуе керен кьурай дур эбел! 28 Гьес абуна: – Дагьалги цІикІкІун гьардарал гурищ Аллагьасул рагІи рагІулел ва гьелда рекъон хьвадулел гІадамал! 29 ГІемераб халкъ жиндаго аскІобе бачІараб мехалъ, ГІисаца абуна: – ЦІакъго квешлъун буго гьаб уммат! Гьазие бокьун буго гІаламат бихьизабизе. Юнус аварагасул гІаламат гурони, цогидаб гІаламат гьезие букІине гьечІо. 30 Ниневиялъул халкъалъе гІаламатлъун Юнус авараг лъугьарав гІадин, ГІадамил Лъимерги гІаламатлъун лъугьина гьаб умматалъе. 31 Гьаб умматалда цадахъ яхъина къиямасеб къоялъ Къилбаялъул парччахІги. Гьелъ гІайиб чІвала гьазда, гьей дуниялалъул рагІалдаса яхъарай ячІиндал Сулайман аварагасул гІакъилаб рагІухъ гІенеккизе. Гьале гьанив вугевав гІемерго тІадегІанав вуго Сулайман аварагасдаса. 32 Ниневиялъул халкъги бахъина къиямасеб къоялъ гьаб умматалда цадахъ ва гьезги гІайиб чІвала гьазда, Юнус аварагасухъ гІенеккун гьел Аллагьасде руссиндал. Гьале гьанив вугевав гІемерго тІадегІанав вуго Юнус аварагасдаса. 33 Лъицаниги лъеларо рекІараб чирахъ бихьулареб бакІалда яги сахІида гъоркь. Жанире лъугьаразе канлъи букІунедухъ борхатаб бакІалда лъола гьеб. 34 Дур бер – гьеб буго дур черхалъул чирахъ. Берал канал ругони, дур тІолабго черхги канлъула. Берал канлъукъал ругони, дур черхги бецІлъула. 35 Ворегиха, дулъ бугеб канлъи бецІлъиялде сверизе гурин. 36 Гьедин, мун канлъул цІун вугони, щибниги бецІлъиги дулъ гьечІони, мун тІуванго гвангъила, чирахъул канлъиялъ мун кенчІезавун вугев гІадин. 37 ГІисал вагІза лъугІидал, цо фарисеяс гьев къаде кваназе ахІана. ВачІун сурпаялда нахъа гІодов чІана ГІиса. 38 Кваназе лъугьиналде гьес кверал чуричІелъул, фарисеяв хІикмалъун хутІана. 39 ТІадегІанав ГІисаца гьесда абуна: – Нужеца, фарисеяз, суркІа-щуруналъул тІасахун рахъ бацІцІад гьабун чураниги, нужер жанисахун рахъ хъантІиялъулги квешлъиялъулги цІун буго. 40 ГІабдалзаби! ТІасан бихьулеб бижарас гурищ жанибехун бугебги бижараб? 41 Амма жаниб бугебаб садакъаде кьуни, гьебмехалъ хІакъикъаталда тІасаги рацІцІалъила нуж. 42 Балагьги гІазабги нужее, фарисеял. Нужеца садакъаде кьола хІатта сагІаналъул, гъараналъул ва цогидабги гІурччинлъиялъул анцІил бутІа, ритІухълъиялъулги Аллагьасде рокьиялъулги нужеца тІалабго гьабуларо. Гьебги гьабизе ккола, гьабцоябги гьабичІого тезе бегьуларо. 43 Балагьги гІазабги нужее, фарисеял! Нужее бокьула синагогабазда жанир киназдасаго церегІан гІодор чІезе ва базаркъотІноб халкъалъ салам кьезе. 44 Балагьги гІазабги нужее! Нуж релълъуна тІасан хьвадулесда хІатІикь букІин лъалареб, зани чІвачІеб хобалда. 45 Гьебмехалъ цо динияв гІалимчияс абуна гьесда: – Я, МугІалим! Гьединал рагІабиги абун, дуца нижги инжит гьарулел ругогури. 46 ГІисаца абуна: – Нужееги, диниял гІалимзаби, балагьги гІазабги! Щайгурелъул нужеца гІадамазул мугъзада лъолеб буго баччизе кІоларебгІан бакІаб гьир, нужецагойин абуни, гьелда килищцин хъваларо. 47 Балагьги гІазабги нужее! Нужер умумуз чІварал аварагзабазул хобазда тІад мазарал гьарулел руго нужеца. 48 Гьелдалъун нужеца чІезабулеб буго умумузул ишазда нуж тІад рекъолел рукІин. Доз аварагзаби чІвана, нужецайин абуни, доз чІван хваразул хобазда тІад мазарал гьарулел руго. 49 Гьединлъидал Аллагьасул ГІакъиллъиялъ абун буго: «Аварагзабиги чапарзабиги ритІизе руго дица гІадамазухъе, гьезин абуни цоял чІвазе руго, цогидал рачахъизе руго. 50 - 51 Гьабилидаса бахъараб къурбан хъолеб бакІалдаги Мукъадасаб Рукъалдаги гьоркьов чІварав Закария аварагасде щвезегІан, дуниял бижаралдаса нахъе гІодобе тІураб киналго аварагзабазул бидул хІакъ босизе буго гьаб умматалдаса». Гьале дица нужеда абулеб буго: гьаб умматалдаса тІалаб гьабизе буго дозул бидул хІакъ. 52 Балагьги гІазабги нужее, диниял гІалимзаби! Щайгурелъул нужеца гІелмуялъул кІул босана, амма кІулал ричІун нужгоги инчІо жанире, ине бокьаралги риччачІо. 53 - 54 ГІиса гьениса нахъе аралдасаго, батІи-батІиял суалал кьун, гьесухъа рагІи бахъизе чанкъан чІун, тІаделъизе байбихьана диниял гІалимзабазги фарисеязги, гьесул кІал таризабизе кІоларищали.

12

1 Аза-азар чи гІахьаллъарал чІахІиял руккелал гьарун рачІунел рукІана гІадамал гьеб заманалда ГІисада аскІоре. Цоцаца мерхьиналде ккун букІана гьезул иш. ГІисаца цин жиндирго муридазда абуна: – Вореха, фарисеязул реччеялдаса, ай гьезул кІигьумерчилъиялдаса цІуне нужго. 2 Щайгурелъул тІатинчІого цониги бахчараб жоги хутІулареб, загьирлъичІого щибниги балъгояб жоги букІунареб. 3 Гьединлъидал сардил бецІлъухъе нужеца абураб жо, бакъул канлъухъе къватІибе рагІун батулеб; рокъоб жаниб нужеца лъилниги гІинзукье щурараб рагІи, тІохаздасан киназдаго лъазабун батулеб. 4 Дица нужеда абулеб буго, дир гьудулзаби: инсанасул черх чІвазе гурони, тІокІаб щибниги гьабизе кІоларезукьа нуж хІинкъуге. 5 Дица малъила нужеда лъикьа хІинкъизе кколелали. Нуж хІинкъа чІван хадур нуж жужахІалъуре рехизе кІолев Аллагьасукьа. Гьеле гьесукьа хІинкъаян абила дица нужеда. 6 КІиго пахьул шагьиялъухъ гурищ щолеб щуго къадако? Амма гьезул цонигияб кІочон толаро Аллагьасда. 7 Нужер бетІералда чан рас батаниги, гьелги рикІкІунин ругел. Нуж хІинкъуге, киналго къудкуздаса хириял руго нуж. 8 Гьале дица нужеда абулеб буго: гІадамазда цебе дир рахъ ккурав чиясул, Аллагьасул малаикзабазда цебе, ГІадамил Лъимацаги рахъ кквезе бугебха. 9 ГІадамазда цебе диде инкар гьабурав чиясдаса, Аллагьасул малаикзабазда цебе, дицаги инкар гьабила. 10 ГІадамил Лъимада данде рагІи абурав бокьарав чиясдаса Аллагь тІасалъугьина, амма Илагьияб РухІалда бугьтан лъурав чиясе тІасалъугьин букІине гьечІо. 11 Синагогаялъуреги рачун, чІухІбуздаги чІахІиял хІакимзабаздаги цере нуж рахъун чІезарураб мехалъ, гьезда щибдай бицинаян, щиб жавабдай кьела гьезул суалазеян ургъел ккоге нужее; 12 гьеб лахІзаталда Илагьияб РухІалъ малъилелъулха нужеца щиб бицине кколебали. 13 ГІадамазда гьоркьосан вахъун, цо чияс абуна ГІисада: – Я, МугІалим! Инсул ирсалъул дие кколеб бутІа кьеян абе дир вацасда. 14 ГІисаца гьесда абуна: – Ле, нужее суд гьабизе ва нужер ирс бикьизе тІамурав чийищ дун? 15 Цинги халкъалдехун абуна: – Ворегиха, хъантІиялдаса цІуне нужго! Щайгурелъул дуниялалъул боцІи-рикъзи гьарзаго бугониги, гьелда бараб гьечІо инсанасул гІумру. 16 Хадуб ГІисаца гьезие, мисал бачун, бицана: – Цо бечедав чиясул хуриб бижун букІун буго бакІарун хІалкІоларебгІан гІемераб хІалухъен. 17 Гьес жиндаго абун буго: «Щибдай дица гьабила. Гьеб хІалухъен базе гІураб бакІ гьечІогури дир». 18 Цинги гьес хІукму гьабун буго: «Гьа, гьанже лъана дица щиб гьабилебали. Дирго царгъалги риххун, чІахІиял царгъал гьарила ва тІолабго хІалухъенги цогидаб бечелъиги гьезда жанибе буссинабила. 19 Цинги дица дирго напсалда абила: „Я, дир напс! Гьале чанго соналъе гІураб бечелъи буго дур. РахІаталда кванай, гьекъе, кеп гьабе дурго гьанже!“» 20 Амма Аллагьас абун буго гьесда: «Я, гІабдал! Къаси дур рухІ бахъизе буго! Лъие хутІулеб дуца бакІарараб бечелъи?» 21 Жиндиего хазина бакІарулев, амма Аллагьасда цеве мискинав чиясул къадар гьединаб букІуна. 22 Цинги жиндирго муридазда ГІисаца абуна: – Гьединлъидалин дица нужеда абулеб: щибдай кваналаян чохьое гІологи, щибдай ретІинаян чорхое гІологи хъалхъадуге. 23 Квандаса цебесеб буго рухІ, ратІлидаса цебесеб буго черхги. 24 Гъудузухъ ралагье нуж: гьез я бекьуларо, я лъилъуларо, я царгъахъе баларо. Аллагьас хьихьун руго гьел. Амма хІанчІаздаса гІемерго хириял руго нуж. 25 Лъида кІвезе бугеб, кигІан хъалхъаданиги, жиндирго гІумру цо къоялъниги халалъизабизе. 26 Гьеб гьитІихІинабгицин гьабун бажаруларел нуж кІудияб гьабизеян щай лъугьунел? 27 ТІугьдузухъ ралагье нуж. Я хурир хІалтІуларо гьел, я кун дургъуларо гьез. Амма гьале дица нужеда абулеб: жиндирго машгьурлъиялъул завалалдагицин Сулайман парччахІасул букІинчІо бокьараб тІогьол гІадинаб ретІел. 28 Я, ле – божи дагьаб уммат! Жакъа гІалахалда бугони, метер цІадабе рехулеб тІегь-хералдагицин Аллагьас гьединаб берцинаб ретІел ретІунеб мехалъ, кигІан берцинабдай нужер букІинеб! 29 Гьединлъидал щибдай кваналаян, щибдай гьекъелаян нужеего гІакъуба кьоге, 30 гьеб кинабго бугелъул Аллагь лъалареб халкъалъги тІалаб гьабулеб жо. Нужер Инсуда лъала нужее гьеб хІажалъулеблъи. 31 Нужеца гІамал гьабе Аллагьасул ПарччахІлъиялде рорчІизе, цогидаб хутІарабщинаб гьес нужее тІадеги кьела. 32 ХІинкъуге, гьитІинаб рехъен! ЦІоб лъун, нужер Инсуца нужее ПарччахІлъи кьезе бугебин. 33 Нужерго боцІи-рикъзиги бичун садакъаби гьаре. Багьулареб-бихъулареб таргьа-къвачІа гьабун те, зобалазда бугеб турулареб-холареб хазина къачІан те. Гьеб хазина зобалазда я цІогьорас бикъуларо, я ицица кваналаро. 34 Нужер хазина бугеб бакІалда букІине бугелъул нужер ракІги. 35 Нуж ретІа-къан къачІан рукІа, рекІун чирахъалги те. 36 Берталъе ун тІадвуссун вачІарав рукъалъул бетІергьанас кавуда тункидал, гьебсагІат гьев жаниве виччазе хІадурго чІарал рагьтІателал гІадин рукІа нуж. 37 Гьардарал гурищ, жидерго бетІергьанасда живго вачІинегІан рорчІуда чІун ратарал рагьтІателал. ХІакълъун абулеб буго дица нужеда, гьес жинцаго гьезие гІоло рачел къазе буго, кванил тІутІ тІибитІизе буго ва квана-гьекъезе гІодор чІезаризе руго. 38 Гьардарал гурищ, кида вачІаниги: сордо бащалъараб мехалъ, яги радакье вачІаниги, рорчІуда чІун гьесда ратарал рагьтІателал. 39 Рукъалъул бетІергьанасда лъалеб бугони цІогьор вачІунеб заман, гьес цІогьор жаниве ворчІизе виччаларевлъи лъай нужеда. 40 Гьединлъидал нужги хІадурго рукІа, ракІалдаго гьечІеб заманаялъ вачІине вугелъул нужехъе ГІадамил Лъимер. 41 Гьебмехалъ Пётрица абуна: – Я, БетІерчІахъад! Нижеейищ дуца гьеб мисал бачунеб бугеб, яги кинабго халкъалъейищ? 42 ТІадегІанав ГІисаца абуна: – РагьтІателазе бетІерлъи гьабеян ва гьезие ригь-ригьалда ва роцада квен-тІехги чІезабеян тарав рагьтІател, 43 гьесул бетІергьан тІадвуссун вачІараб мехалда ритІухъго ва цІодорго хІалтІулев ватани, – гьардарав гурищ гьединав рагьтІател. 44 ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: бетІергьанас гьединав рагьтІателасда божун тела жиндир тІолабго магІишат. 45 Амма гьедин тарав рагьтІател, жиндир бетІергьан тІадвуссун вачІине гІезегІан заман бугин ракІалдеги ккун, жинца тІалаб гьабизе кколел рагьтІателалги гъаравашалги рухизе-кьабизе лъугьани ва квана-гьекъон къоял тІамулел ругони, щиб ккелеб? 46 Гьесда ракІалдаго гьечІеб къоялъ ва вачІиниланго ккечІеб сагІаталъ тІаде рехун вачІина гьесул бетІергьан. КІихІи хъвалхьина гьес гьев рагьтІател, – иман гьечІесул можоро бахъараб гІадин ккела гьесул иш. 47 БетІергьанасул амру-буюрухъги жинда лъалеб букІаго, хІадурго чІун гьеб тІубазабичІев рагьтІателасда цІал гІемер щвела. 48 БетІергьанасул амру-буюрухъ лъалеб букІинчІев, амма вухизе кколеб иш гьабурасда цІал дагьаб щвела. ГІемераб кьун букІарасдаса гІемераб тІалабги гьабила, божи цІикІкІун букІарас жавабги цІикІкІун кьезе ккела. 49 Ракьалде цІа рещтІинабизе вачІун вуго дун, гьанжего гьеб цІа рекІун бугебани кигІанха дие бокьилеб букІараб! 50 Дица гІор бахине ккола. КигІан кІудияб ургъелха дида чІван бугеб, кидадай гьеб тІубалаян. 51 Ракьалде рекъелги босун дун вачІаравиланищ нужеда кколеб бугеб? Гурилан абулеб буго дица, рикьи ккезабизе вачІун вуго дун. 52 Гьанжеялдаса нахъе, цо хъизаналда щуго чи вугони, гьезул рикьи кьела: лъабгояв кІигоясда данде вукІина, кІигояв лъабгоясда данде вукІина. 53 Гьединабго рикьи ккун, эмен васасда дандечІела, вас инсуда дандечІела; эбел ясалда дандечІела, яс эбелалда дандечІела; якьад нусалда дандечІела, нус якьадалда дандечІела. 54 ГІисаца халкъалде хитІаб гьабун абуна: – БакътІерхьудасан накІкІул парча баккани, цІцІадае бугилан абула нужеца. Гьеб къоялъ цІцІадги бала. 55 Къилбаялъул гьури пуйзе байбихьани, бакъул бухІи цІикІкІинин абула нужеца. БагІарараб бачІуна гьеб къо. 56 Ле, гьересишайихзаби, зоб-ракьалъул хиса-басиялда хадур гІунтІула нуж, амма гьанже кинаб заман бугебали щайха нужеда лъалареб? 57 Нужедаго щай лъалареб ритІухъаб нухдасан хьвадизе? 58 Масала, дурго дагІбадулавгун судалде унев вугони, дове щвелалдего хІаракат бахъе рекъел-бакъалдалъун гьев тІаса вихьизавизе. Гурони, гьес мун судиясухъе вехъерхъила, судияс мун гІеласухъе кьела, гІелас мун гвандиниве рехила. 59 Гьале дица дуда абулеб буго: дур ахирисеб шагьи-пара кьун налъи бецІичІого, гвандиниса къватІивеги ворчІиларо мун.

13

1 Гьебмехалъ ГІисахъе рачІун, цо чагІаз бицана гьесда, Пилатица Галилеялъул гІадамалги чІванин ва Мукъадасаб Рокъоб гьез къурбаналъе хъураб боцІул биялда гъорлъе гьезул биги жубазабунилан. 2 ГІисаца гьезда абуна: – Жидее гьединаб гІазаб кьурал чагІи Галилеялъул цогидал гІадамаздаса мунагь-хІакъ гІемерал рукІаниланищ нужеда ракІалде кколеб? 3 РукІинчІилан абулеб буго дица нужеда: амма тавбу гьабичІони, нужги гьедин хвалде ина. 4 Яги доб Силоамалъул си биххун гъоркье ккун хварав анцІила микьго чи Иерусалималъул цогидал гІадамаздаса мунагь-хІакъ гІемерал рукІаниланищ нужеда ракІалде кколеб? 5 РукІинчІилан абулеб буго дица нужеда: тавбу гьабичІони, нужги гьедин хвалде ина. 6 Цинги ГІисаца гьезие хабар бицана. Цо чияс ахикь инжиралъул гъветІ чІун букІун буго. ВачІун хал гьабидал гьелда тІад пихъ бижун батун гьечІо. 7 Гьес ахихъанасда абун буго: «Гьале лъабабго соналъ вачІунев вуго дун гьаб гъотІохъе. Цониги инжир бижун батичІо гьалда тІад. КъотІун рехе гьаб, ракь гІадада хвезе течІого». 8 Ахихъанас абун буго: «Я, бетІерчІахъад! Цо исаналъиялъги жибго те гьеб. Дица гьелъул рохтиялъукь ракьги гьогь гьабила, ракги бала. 9 ТІадеялъул бижизе бегьула гьелда тІад пихъ. Нагагь бижичІони, къотІун рехила». 10 Цо шамат къоялъ синагогаялъув вагІза-насихІат гьабулев вукІана ГІиса. 11 КІичІван гьодилъа къуларай цо чІужугІаданги йикІана, тІаде йорхун яхъун чІезего кІоларей. Гьелъул чорхолъ бугеб хъубаб женалъ анцІила микьго соналъ чІезаюн йикІана гьей гьеб гІазабалъукь. 12 Гьей йихьидал, аскІое ахІун, ГІисаца гьелда абуна: – Йо, чІужугІадан! Мун дурго гІузруялдаса хвасарлъана, – ян. 13 Цинги гьелда тІад квер бахъана гьес. ГьебсагІатго гьелъул гьод битІун бачІана, Аллагьасе рецц гьабизе лъугьана гьей. 14 ГІисаца шамат къоялъ гьей гІадан сахлъизе гьаюнилан ццин бахъарав синагогаялъул хІакимас гІадамаздехун вуссун абуна: – Анкьида жаниб анлъго къо буго нилъ хІалтІизе кколеб. Шамат къоялъ рачІинчІого, гьел цогидал къояз рачІа нужго сахлъизаризе. 15 Гьебмехалъ гьесие жавабалъе ТІадегІанав ГІисаца абуна: – Ле, нуж ххвелал гьаризе ругьунлъараб уммат! Нужеда гъорлъ вугевищ русснадаса бичун нужерго оц яги хІама шамат къоялъ гьекъезе бачунарев цониги чи? 16 Ибрагьимил умматалъул гьай чІужугІадан анцІила микьго соналъ юхьун чІезаюн йикІана илбисалъ. Жакъа шамат къоялъ дица гьей илбисалъул рухьадаса йичизе бегьулей йикІинчІейищ? 17 ГІисаца гьедин абидал, гІадамазда цере инжитлъана дол гьесда дандечІун рукІарал чагІи. Амма халкъин абуни, гьесул киналго хІикматал ишаздаса бохун букІана. 18 ГІисаца гьезда абуна: – Аллагьасул ПарччахІлъи сунда релълъунеб ва дица гьеб сунда данде кквезе бегьулеб? 19 Гьеб релълъуна горчицаялъул хьодул гьитІинаб мугьалда. Инсанас гьеб хьодул мугь ахикь чІана, гьелдасан кІудияб хъарахъ бижана, гьелъул гІаркьалабазул рагІдукь хІанчІаз бусабиги гьаруна. 20 Нахъеги гьес абуна: – Цоги сунда данде кквелеб дица Аллагьасул ПарччахІлъи? 21 Гьеб данде кквезе бегьула цо пуланай чІужугІаданалъ ханждал лъабго къалиялда гъорлъе рехараб ва тІубанго гьеб беччизабураб реччеялда. 22 Шагьаразде ва росабалъе щун, халкъалъе вагІзабиги гьарулаго, Иерусалималдехун валагьун унев вукІана ГІиса. 23 Цо чияс гьесда гьикъана: – Я, БетІерчІахъад! Дагьал чагІи гурони хвасарлъунгутІи битІараб жойищ? Гьес гьезда абуна: 24 – ЧІедераб нуцІихъан жанире лъугьине хІаракат бахъе нужеца. Дица нужеда абулеб буго: гІемераз жигар бахъила гьеб нуцІихъан лъугьине, амма гьезда кІвеларо. 25 Вахъун рукъалъул бетІергьанас нуцІа рахарабго, къватІирги чІун, гьеб бухизе ва ахІдезе лъугьина нуж: «Я, бетІерчІахъад! Нижее нуцІа ричІе!» – ян. Гьес нужеда абила: «Дида лъаларо нуж киса-щалали». 26 Гьебмехалъ нуж лъугьина гьесда бичІчІизабизе: «Ниж руго дуда цадахъ квана-гьекъарал чагІи, нижер шагьаралъул къватІазда дуца нижее вагІзабиги гьарун рукІана». 27 Гьес жаваб кьела нужее: «Дида лъаларо нуж киса-щалали. РикІкІалъе нуж дидаса, ле квешлъи гьабурал киналго гІадамал!» 28 Аллагьасул ПарччахІлъиялда Ибрагьимги, ИсхІакъги, Якъубги ва цогидал аварагзабиги нужеда рихьараб ва нужги гьениса къватІире рехараб мехалъ, гІодилел ва цаби къерщезарулел хутІила нуж. 29 Машрикъалдаса ва магърибалдаса, севералъул ва къилбаялъул рахъалдаса рачІина гІадамал ва Аллагьасул ПарччахІлъиялда квана-гьекъезе гІодор чІела. 30 Цере рукІаразул цо-цоял нахъе ккела, ва нахъа рукІаразул цо-цоял цере ккела. 31 Гьеле гьеб заманаялда ГІисахъе цо чанго фарисеяв вачІана, Гьеродие мун чІвазе бокьун бугин, гьаниса вахъун дурго нухда айилан лъазабизе. 32 ГІисаца гьезда абуна: – Инеги ун гьеб царада абе нужеца, жундуз ккуралги унтаралги жакъаги метерги сахлъизарилин дица, цинги сезе дица дирго хІалтІи лъугІизабилин. 33 ХІакъикъаталдаги жакъаги, метерги, сезеги дун Иерусалималдехун валагьун инчІого гІоларо. Гьенив гурони авараг чІвазе къотІи гьечІелъул. 34 Вай, Иерусалим, Иерусалим! Аварагзаби чІвалеб ва духъе ритІарал Аллагьасул илчизабазда ганчІал речІчІулеб шагьар! Чан нухалъха дие бокьун букІараб, къурщица тІанчІи гІадин, дур гІадамал дирго кваркьиялда гъоркье рачине, амма нужее гьеб бокьичІо. 35 Балагьея, нужер Хирияб Рукъ чІобого хутІила. Дица нужеда абулеб буго: «БетІергьанас витІун вачІунев вугесда баркат лъеги», – ян нужеца абизегІан вихьиларо нужеда дун гьанжеялдаса хадув.

14

1 Цо пуланаб шамат къоялъ ГІиса фарисеязул цо хІакимасухъе гьоболлъухъ ун вукІана. Гьес щиб гьабулебали хал ккун чІун рукІана гьенир. 2 Гьесда дандвитІун гІодов чІун вукІана лъадал къвачІа чорхолъ лъугьарав цо чи. 3 ГІисаца диниял гІалимзабаздаги фарисеяздаги гьикъана: – Къануналъ изну кьолебищ шамат къоялъ чи сахлъизавизе, яги кьоларебищ? 4 Гьел руцІцІун чІана. ГІисаца квер хъван сахлъизавуна гьев унтарав чи ва рокъове витІана. 5 ГІисаца гьезда абуна: – Нужер лъилниги хІама яги оц гъуялъубе бортани, шамат къо бугониги, гьебсагІат къватІибе бахъиларищ нужеца гьеб? 6 Гьелда дагІба базе кІвечІо лъиданиги. 7 Кванде ахІарал гьалбал сурпаялда нахъа бищунго хІурматияб бакІ кквезе церегІан къалел рихьидал, мисал бачун, бицана ГІисаца: 8 – Берталъе ахІараб мехалъ, бахІарасда аскІор гІодор чІоге нуж. Щайгурелъул гьенив гІодов чІезе ахІун ватизе бегьула дудасаги гьезие цевесев чи. 9 Мунги гьевги гьениве ахІарав бертадул бетІерас дуда аскІове вачІун, абила: «Гьав виччай гьенив гІодов чІезе», – ян. Цинги мунги инжитго вахъине ккела бищун нахъегІан бугеб бакІалда гІодов чІезе. 10 ВачІинахъего мун дова бищунго нахъа гІодов чІани, дуда аскІове вачІун бертадул бетІерас абила: «Гьаниве цевегІан вачІа, гьудул», – абун. Берталъ ругезда гьоркьоб дур къадру-къиматги борхила гьебмехалъ. 11 Жинцаго живго тІадегІанлъизавурав гІодовегІанлъула, гІодовегІанго чІарав тІадегІанлъичІого хутІуларо. 12 Рукъалъул бетІергьанасдаги абуна ГІисаца: – Гьадинаб квана-гьекъей гьабулеб мехалъ, гьез мунги ахІиялде хьул лъун ва гьеб дуе бецІилилан ракІалде ккун, дурго гьудулзабиги, вацалги, гІагарал чагІиги, бечедал мадугьалзабиги ахІуге дуца кванде. 13 Дуца гьоболлъухъ ахІе мискинал, гІажизал, рекъал, бецал гІадамал. 14 Гьардарав гурищ мун, гьезда кІоларелъул гьеб дуе бецІизе. Гьеб дуе бецІила муъминзаби хваралъуса рахъинарулеб къиямасеб къоялъ. 15 Гьеб рагІидал, гьенир квана-гьекъолел рукІаразул цояс ГІисада абуна: – Гьардарав гурищ Аллагьасул ПарччахІлъиялда квана-гьекъезе вугев чи. 16 ГІисаца гьесие бицана: – КІудияб гьоболлъи гьабизе цо сордоялъ гІемерал гІадамал кванде ахІанила цо пуланав чияс. 17 Квен цебе лъураб мехалъ, гьес жиндирго рагьтІател витІанила гьел гІадамазда кваназе рачІайилан абизе. 18 Киназго цо чияс гІадин абунила жидее рачІине щолеб гьечІин, тІасалъугьайилан. Цояс абунила, жинца цо хур бичун босун бугин, гьеб бихьизе ине кколин, тІасалъугьаян гьарулин жинцайилан. 19 Цогидас абунила, жинца анцІго оц босун бугин, рекьарулищали гьел рукьалда разе кколин, тІасалъугьаян гьарулин жинцайилан. 20 Цогидасги абунила, жинца чІужу ячун йигин, жиндие вачІине щоларилан. 21 ТІадвуссун вачІун, рагьтІателас бицанила гьеб киналъулго хІакъалъулъ. Гьебмехалъ, дозда ццинги бахъун, рукъалъул бетІергьанас рагьтІателасда абунила: «Векере, шагьаралъул къватІазде ун, гьенив ватанщинав мискинав, гІажизав, бецав, рекъав чиги вачІун вачІа», – ян. 22 ТІадвуссун вачІун рагьтІателас абунила: «Дур амру тІубазабуна, бетІерчІахъад. Амма тІотІода нахъа жеги бакІ хутІун буго», – ян. 23 Нахъеги абунила гьес рагьтІателасда: «Дове нухде ун эхеве-эхеде уневщинав чиги вачун вачІа. Дуца гьаб дир рукъ кьабун цІезабе. 24 Амма лъан букІа дуда: дол дица гьоболлъухъ ахІун рукІаразул цонигияв кваназе гьечІо дир къавулъ». 25 ГІемерал гІадамал рукІана ГІисада цадахъ унел. Гьездехун вуссун, гьес абуна: 26 – Жиндирго эбел-инсудехун, лъимал-хъизаналдехун, яцал-вацаздехун, хІатта жиндирго гІумруялдехун рокьукълъи гьечІев чи дида аскІове вачІунев вугони, гьесухъа бажаруларо дир муридлъун вукІине. 27 Живго тІад вазе хъанчги баччун дида цадахъ вачІунев гьечІони, гьесухъаги бажаруларо дир муридлъун вукІине. 28 Нужеда гьоркьоса цо лъиениги бокьун бугони си базе, гІодовги чІун цин гьес хІисаб гьабиларищ гьеб бан лъугІизабизе гІураб сурсат бугищ жиндирали. 29 Гурони – кьучІги лъун, бачІого хутІила гьесул си. Гьебмехалъ гьесда тІад киналго релъанхъила, 30 си базе байги бихьун, гьеб лъугІизабизе кІвечІин абун. 31 Яги цогидав пачаясда данде рагъде вахъине къачІарав пачаяс, цин гІодовги чІун, пикру гьабизе ккеларищ къоазарго рагъухъан вугеб тушманасул бода данде анцІазарго чи вугеб жиндир бо багъун бажариладаян. 32 БажарунгутІи лъайдал, дов тушман рикІкІад вукІаго ритІизе ккола гьес рекъел гьарун жиндирго чапарзаби. 33 Гьедин нужеда гьоркьов вугев щивав чиясги жиндирго бугебщиналдаса инкар гьабичІони, гьесдаги кІоларо дир муридлъун вукІине. 34 ЦІам лъикІаб жо буго. Амма гьелъул цІамгІаллъи холеб бугони, кин гьеб нахъеги цІамгІаллъизабилеб? 35 Я ракь лъугьунаро гьелъул, я хурибе базе рак лъугьунаро. ГІодобе бала гьеб. ГІундул ругезда рагІизе биччанте гьеб!

15

1 ГІемерал магъало бакІарулел чагІиги цогидаб мунагь-хІакъалъул агьлуги рачІунаан ГІисахъ гІенеккизе. 2 Фарисеялги диниял гІалимзабиги ГІисаде гІайиб-гъвелалда рукІана мунагьазул цІурал гІадамал къабул гьарулел ругилан, гьелгун цадахъ квана-гьекъолев вугилан. 3 Гьебмехалъ ГІисаца гьезие гьадинаб мисал бачана: 4 – Нусго чахъу бугеб рехъалъа цо чахъу камун батани, доб ункъоялда анцІила ичІабгоги букІаралъуб тун, гьеб тІагІараб чахъу батизегІан мегІер-гІалах тируларев чи вугищ нужеда гъорлъ? 5 Батараб мехалъ вохуца холаго гъежда лъун баччула гьес гьеб рокъобе. 6 Цинги гьес, гьудулзабиги мадугьалзабиги ахІун, гьезда абула: «Дида цадахъ роха нужги, дирго билараб чахъу батана дида жакъа», – ян. 7 Дица нужеда абулеб буго: гьединго зобалаздаги Аллагьасде вуссарав цо мунапикъ сабаблъун рохел цІикІкІун букІуна тавбу гьабизе кколарев ункъоялда анцІила ичІго муъминчи сабаблъуналдаса. 8 Яги жиндирго анцІго диргьамалъул цояб тІагІун бугони, чирахъги бакун, рокъоб киса-кибего гьеб балагьичІого толей чІужугІадан йикІунищ? 9 Батараб мехалъ, жиндирго гьудулзабиги мадугьалзабиги ахІун, гьелъ абила: «Дида цадахъ роха нужги, дир билараб диргьам батун буго», – ян. 10 Дица нужеда абулеб буго: гьединго Аллагьасул малаикзабиги рохула Аллагьасде вуссарав цо мунапикъасдаса. 11 Хадубги ГІисаца бицана: – Цо пуланав чиясул вукІун вуго кІиго вас. 12 ГьитІинав васас инсуда абун буго дур ирсалъул жиндие кколеб бутІа кьейилан. Инсуца гьебмехалъ кІиявго васасе ирс бикьун буго. 13 Чанго къоялдасан гьитІинав вас, жиндирго бутІаги босун, вахъун ун вуго рикІкІадаб улкаялде. Дова гьев цІакъ пучго, саяхъго хьвадун вуго, кодоб букІанщинаб гІарацги хвезабун буго. 14 Гьесухъа кинабго гІарац лъугІараб заманаялда, доб улкаялда кутакаб ракъи тІибитІун буго. Гьав васги кутакалда язихълъун вуго. 15 Ахирги доб улкаялъул цо чиясда цеве хІалтІизе лъугьун вуго. Досги гьев болъонал хьихьизе гІалахалде витІун вуго. 16 Болъоназе базе кьураб квен кванангІаги чехь цІезабизе хІаракат бахъулеб букІун буго гьес, амма гьебгицин биччалеб букІун гьечІо. 17 ГІакълуялде вачІун, гьес пикру гьабун буго: «Дир инсул къавулъги гІемер ругогури хІалтІухъаби? ГІунги тІокІаб чед буго гьезул. Дун гьанив вакъуца холев вуго. 18 Вахъун дирго инсуда аскІове ина ва гьесда абила: „Аллагьасда цебеги дуда цебеги дир мунагь ккана, дир эмен. 19 ТІокІав дур васлъун рикІкІине мустахІикъав гьечІо дун, дур хІалтІухъанлъун восе“». 20 Вахъун ун вуго гьев жиндирго инсухъе. РикІкІадасанго вихьун вуго инсуда гьев вачІунев, гьесда гурхІун вуго эмен. Векерун данде ун, горбода къвал бан, къочарун вуго. 21 Васас гьесда абун буго: – Аллагьасда цебеги дуда цебеги дир мунагь ккана, тІокІав дур васлъун рикІкІине мустахІикъав гьечІо дун. 22 Инсуцайин абуни, жиндирго рагьтІателазда абун буго: – Бищунго лъикІаб ретІел босун рачІа хехго ва гьасда тІад ретІе, гьасул килщида баргъичги ххе, хІатІазда хьиталги ретІе. 23 МачІадалъе хьихьараб бечеги хъве: рохалил тІутІ лъезе бокьун бугин. 24 Щайгурелъул гьав дир вас хун вукІана, гьанже чІаголъун вуго, гьав вилун-тІагІун вукІана, гьанже ватун вуго. Кутакаб рохел-ихтилат гьабизе байбихьун буго гьез. 25 Гьев чиясул кІудияв вас хурив вукІун вуго гьебмехалъ. Рокъове вачІунаго, гьесда рагІун руго кочІолги кьурдулги бакънал. 26 АскІове ахІун цо рагьтІателасда гьикъун буго гьес гьалъул магІна щибилан. 27 Дур вац вачІун вугин, гьев сах-саламат ватиялдаса вохун, дур инсуца мачІадалъе хьихьараб бечеги хъвезабунин бицун буго. 28 Гьесул ццин бахъун буго, рокъове жаниве лъугьине къабуллъуларого вукІун вуго. КъватІиве вачІун, гьесие лъикІаб бицине лъугьун вуго эмен. 29 Инсуе жавабалъе гьес абун буго: – Гьалщинал соназ гьале дуе лагълъи гьабулев вуго дун, дуца хъвараб хІуччдаса таричІого. Дуца дие цо бурутІцин кьечІо, ахІун гьудулзабигун квана-гьекъей гьабизе. 30 Амма дур букІараб бечелъиги хъахІбабазда цадахъ квана-гьекъон лъугІизабун вачІарав гьав дур васасе дуца мачІадалъе хьихьараб бече хъвезабун буго. 31 Инсуца гьесда абун буго: – Я, дир вас! Мун кидаго дида цадахъ вуго, кинабго дир бугебщинабги дур буго. 32 Амма нилъеца рохалил бертин-той гьабизе ккола, гьав дур вац хун вукІун, гьанже чІаголъун вугелъул, вилун-тІагІун вукІун, гьанже ватун вугелъул.

16

1 Жиндирго муридазда ГІисаца бицана: – Цо бечедав чиясул вукІун вуго гьесул мал-мулкалъул тІалаб гьабун тарав хъулухъчи. 2 Жиндир мал-мулк чІунтизабулеб бугин гьесилан рагІидал, аскІове ахІун, гьесда абун буго: «Гьаб лъикІаб гуреб хабар щиб дур хІакъалъулъ дида рагІулеб бугеб? Гьанже дуца хъван кье дихъе тІаде бачІаралъулги харж гьабуралъулги сияхІ. ТІокІалъ дица мун гьеб хъулухъалда толаро», – ян. 3 Гьебмехалъ хъулухъчияс жинцаго жиндаго абун буго: «Щибдай дица гьабила? Гьанже дун гьас хъулухъалдаса вахъулев вуго. Хур гьанкІизе дида кІоларо, гьардухъ ине дун намуслъула. 4 Гьа, дида лъала щиб гьабилебали. Гьес хъулухъалдаса вахъараб мехалъ цогидаз дун жидерго къавулъе вачунеб куц гьабила дица». 5 Гьес жиндирго хважаинасул налъулал батІа-батІаго ахІун руго жиндихъего. ТІоцеве ахІарасда гьикъун буго дир хважаинасе дуца кигІан кьезе бугебан. 6 Нусго рагІ зайтуналъул нахул кьезе бугилан гьес абидал, бахъун нахъе кьун буго налъи тІад хъвараб кагъат: «Хехго гІодов чІун цІидасан хъвай кІикъоялда анцІго букІанилан». 7 Цогидасда гьикъун буго дуца щиб кьезе бугебан. Нусго къали ролъул кьезе бугилан бициндал, гьесдаги абун буго: «Ма гьаб кагъатги нахъе босе, цІидасан хъвай ункъого букІанилан». 8 Хадув хважаинас гьев веццулаан, сихІиргони гьабунин гьес гьеб ишилан. Гьедин гьаб дуниялалъул рукъ къачІалел чагІи жалго гІадал гІадамазда гьоркьор гІемерго сихІирал руго, ахираталъул рукъ къачІалездаса. 9 Гьединлъидал дица нужеда абулеб буго: дуниялалъул рокъоб хачараб боцІи-рикъзи кьун, нужеца гьанир гьединал гьудулзаби ричун росе, боцІи-рикъзи гьечІого хутІараб мехалъ, абадияб рокъоре нужго къабул гьаризе. 10 ГьитІихІинаб божун тезе бегьулев чиясда кІудиялъулги божилъи гьабизе бегьула. ГьитІиналъулъ хІилла-макру гьабурас кІудиялъулъги рекІкІ гьабула. 11 Дуниялалъул рокъоб хачараб боцІи-рикъзи божун тезе бегьуларел нужеде абадияб рукъалъул унго-унгояб хазинаялъул божилъи лъица гьабилеб? 12 Чияр боцІи божун тезе бегьуларел нужехъе, нужерабгоги лъица кьелеб? 13 Лъиданиги кІоларо кІиго бетІергьанасе лагълъи гьабизе. Цояв гьесда рихина, цогидав вокьила. Яги цоясе гьес лагълъи ракІбацІцІадго гьабила, цогидасе тІаса-масаго гьабила. Гьедин нужедаги кІвеларо Аллагьасеги дуниялалъул боцІи-рикъзиялъеги лагълъи гьабизе. 14 БоцІи-рикъзи хириял фарисеял, ГІисахъги гІенеккун, гьесда тІад релъанхъулел рукІана. 15 ГІисаца гьезда абуна: – ГІадамаз нуж вализабилъун рикІкІуна, амма Аллагьасда лъалебха нужер рекІелъ бугеб жо. ГІадамазда цебе жиб тІадегІанаб, Аллагьасда цебе къабихІаб буго. 16 ЯхІяде щвезегІанги букІана диналъул къанун, рукІана аварагзабиги. Гьев вачІун хадуб Аллагьасул ПарччахІлъиялъул хІакъалъулъ Рохалил хабар бицунеб буго. Щивас хІаракат бахъулеб буго хІалица гьенире рорчІизе. 17 Амма къануналъул цохІо хІарп бортизегІан, зобалги ракьалги тІагІун ина. 18 ЧІужуги йиччан тун, цогидай ячаравщинав чи жиндирго йикІарай чІужуялда цеве мунагьалъукье ккола. Гьеб мунагьги зиналъун рикІкІуна. Росасдаса ятІалъарай гІадан ячарав чиги зиначи ккола. 19 – Цо бечедав чи вукІун вуго. Гьес ретІунеб букІун буго дарай-зарбал. Щибаб къоялъ гьес гІуцІулеб букІун буго бечедаб квана-гьекъей. 20 ТІолабго черхалде чанхъ барав цо Лазар абун гьардухъанги вукІун вуго гьесул кавудул кІалтІа чІарав. 21 Бечедав чиясул сурпаялдаса хутІа-кІучараб квен-тІехгІаги щвелародайилан чІун вукІун вуго гьев гьенив. ТІадежоялъеги рекерун рачІун гьабзаз гьесул чанхъаз цІураб черхалда тІад мацІ бахъулеб букІун буго. 22 Гьале, хвана гьев пакъир, малаикзабаз гьев Ибрагьим аварагасда аскІове восун ана. Хвана дов бечедав чиги. Гьев хабалъ вукъана. 23 Гьале жужахІалъув квешаб гІазабалъулъ вугев гьев бечедав чиясда, берал рорхун валагьидал, рикІкІадасан вихьана Ибрагьим аварагги гьесда аскІов дов Лазарги. 24 Бечедав чияс ахІана: «Я, нижер эмен Ибрагьим! ГурхІа мун дида! Гьаб цІадулъ вежулев вугин дун, дир мацІалда реччел хъвазегІаги, лъадалъ килищги ччун, витІе гьев Лазар». 25 Ибрагьимица гьесда абуна: «Я, дир вас, дуца ракІалде щвезабе: дуниялалъул рокъоб дуе кинабго лъикІабщинаб щвана, Лазариейин абуни гьениб кинабго квешабщинаб щвана. Гьанже гьанив Лазар хІалхьун вуго, мун гІазабалъулъ вуго. 26 Гьав духъе кин витІилев, нилъеда гьоркьоб кІудияб кІкІал лъугьун бугелъул. Гьединлъидал гьаниса гьенирехун рачІине бокьаразе нух гьечІо ва гьениса гьанирехун рачІинеги бажаруларо». 27 Нахъеги дов чияс гьарун буго: «Гьедин батани, дир эмен, дуца Лазар витІе дир инсул рокъове. 28 Дова дир щуго вац вуго. Дозда цІодорго рукІаян абизе витІе. Гурони – гьелги рачІина гьаб гІазабалъул рокъоре». 29 Ибрагьимица абун буго: «Дозие Мусаги цогидал аварагзабиги руго. Гьезухъ гІенеккеян абе». 30 Дов бечедав чияс абун буго: «Я, дир эмен Ибрагьим, гІенеккуларо гьел! Амма цогІаги хварав чи дуниялалде тІадвуссун вачІани – кантІила, Аллагьасде руссина». 31 Гьебмехалъ Ибрагьимица абун буго гьесда: «Мусахъги цогидал аварагзабазухъги гІенеккуларел чагІи хваралъуса вахъун вачІарав чиясдаги божиларо», – ян.

17

1 Жиндирго муридазда ГІисаца абуна: – Инсан мунагьалъукье ккезавулеб жо дуниялалда лъугьинчІого букІунаро, амма кІудияб балагьги гІазабги – гьеб босун вачІарав чиясе. 2 Дида божулезда гьоркьоса цониги лъимер гІадинав пулан мунагьалде цІазегІан, гьесие лъикІаб букІинаан, гьобоги горбода бухьун, ралъдалъе рехани. 3 Ворегиха, нуж гьелдаса цІуне. Вацас дуе квешлъи гьабуни, гьесие бадибчІвай гьабе. Гьев рекІекълъани, тІасалъугьун те. 4 Къода жаниб анкьго нухалъ гьес дуе квешлъи гьабуниги, анкьабго нухалъ духъе вачІун, гьес жив рекІекълъанилан абуни, – тІасалъугьа гьесдаса. 5 Гьебмехалъ чапарзабаз ТІадегІанав ГІисада абуна: – Нижер рекІелъ божи цІикІкІинабе, – ян. 6 ТІадегІанав ГІисаца абуна: – Горчицаялъул хьодул мугьгІанасеб божигун нужеца гьаб инжиралъул гъотІода абуни, кьолболъа бахъун ун доба ралъдал бакьулъ чІаян, нужер амру гьелъ тІубазабилаан. 7 Нужер цонигиясул цо лагъ вугилан те. Гьев векьарун свакан хуриса яги рохьдодаса вачІун вугони, хехго кваназе гІодов чІаян абулищ гьесда? 8 Гьелъул гІаксалда, гьесда абуларищ хехго квен гьабеян ва дун квана-гьекъон вахъинегІан дие хъулухъалъе чІаян, цинги мунгоги квана-гьекъеян? 9 Гьеб амру тІубазабуралъухъ лагъасе баркала кьолебищ? 10 Гьедин гьабула нужецаги: нужее амру гьабурабщинаб тІубазабун хадуб, нужеца абула ниж ругин пайда гьечІел лагъзал, нижеда абураб гурони гьабичІин нижецаян. 11 Иерусалималдехун валагьун Самариялъулги Галилеялъулги гІорхъудасан унев вукІана ГІиса. 12 Цо росулъе щолаго, гьесда дандеккана барасалъ унтарав анцІго чи. РикІкІадегІан чІун, 13 гьез ахІулеб букІана: – Я, ГІиса! НасихІатчи! ГурхІа нижеда! – ян. 14 Гьел рихьараб мехалъ, ГІисаца абуна: – Рахъа нуж гьанже кашишзабазухъе а ва нужго рацІцІалъун рукІин бихьизабе. Гьениса унаго гьезул чурхдул барасалдаса рацІцІалъана. 15 Живго сахлъун вукІин бихьун, гьезул цояв, ахІунго ахІун Аллагьасе рецц гьабулаго, тІадвуссун вачІана. 16 Цинги, ГІисал хІатІазда цеве накалдаги чІун, гьесие баркала кьуна. Гьевни Самариялдаса чи вукІана. 17 ГІисаца гьесда абуна: – Нужер анцІавго сахлъичІевищ? Дов ичІавго кивеха арав? 18 Унго, гьав чияр чиясда гурони, дир ракьалдаса цониги чиясда ракІалде ккечІебищха Аллагьасе рецц гьабизе? 19 Цинги гьесда абуна: – Вахъа тІаде, а гьанже, дурго божи-иманалъ хвасар гьавунин мун. 20 Аллагьасул ПарччахІлъи кида букІине бугебилан фарисеяз гьикъидал, ГІисаца абуна: 21 – Аллагьасул ПарччахІлъи гІадамазда бихьичІого бачІина. Лъицаниги абиларо гьеб гьале гьаниб бугилан, яги доле доба бугилан. Гьале гьаниб нужелъин бугеб Аллагьасул ПарччахІлъи. 22 Гьес жиндирго муридазда абуна: – ГІадамил Лъимер нужеда цадахъ вугеб цо къогІаги бихьизе нуж гІащикълъараб заман бачІина. Амма нужеда гьев вихьиларо. 23 Нужеда абила гьале гьанив вугин, яги дова вугилан. ГІенеккуге гьезухъ, унге гьезда хадур. 24 Зобалазул цояб рахъалдаса цоги рахъалде паркъун унеб пири гІадин вукІина ГІадамил Лъимер, гьев вачІараб къоялъ. 25 Амма цин гьес гІемераб гІазаб хІехьезе ккезе буго, ва гьаб умматалъ гьесдаса инкар гьабизе буго. 26 НухІ аварагасул заманаялъ ккараб гІадаб иш ккезе буго ГІадамил Лъимадул заманаялъги. 27 Квана-гьекъолел рукІана, лъудби рачунел, россабазе унел рукІана гІадамал НухІ гамида жаниве лъугьинегІан. Цинги тІупан тІуна ва тІолабго махлукъат лъадалъ гъанкъана. 28 Гьебго жо ккана ЛутІ аварагасул заманаялъги. Кваналел, гьекъолел, бичулел, хисулел, хурзал рекьулел, минаби ралел рукІана гІадамал ЛутІ авараг Содом шагьаралдаса къватІиве лъугьинегІан. 29 Цинги цІадулги чІабтІилги цІад бана зодисан, ва киналго хвана. 30 Гьедин букІине буго ГІадамил Лъимер загьирлъараб мехалъги. 31 Гьеб къоялъ тІохда вугев чи жиндирго къайи-къоноялда хадув гъоркье рещтІунгеян абе, хурив вугевги рокъоб хутІаралда хадув тІадвуссунгеян абе. 32 ЛутІ аварагасул чІужуялъул ккараб иш ракІалда чІезабе. 33 Жиндирго гІумру цІунизеян лъугьарав чи гьелдаса махІрумлъила; жиндирго гІумруялдаса махІрумлъизе разилъарас гьеб хвасар гьабила. 34 Дица абулеб буго нужеда: гьеб сордоялъ цо боснор регун ругел кІигоязул цояв вачина, цогидав хутІила. 35 ГІатІ ххенолей йигей кІиго чІужугІаданалъул цояй ячина, цогидай хутІила. 36 - 37 Муридаз ГІисада гьикъана: – Я, БетІерчІахъад! Киб гьеб букІине бугеб? – ан. Гьес жаваб гьабуна: – Жаназа бугеб бакІалде чудкал ракІарула, – ян.

18

1 Цинги ГІисаца жиндирго муридазда, мисал бачун, бицана Аллагьасда гьардезе ккеялъул ва хьул къотІизе бегьунгутІиялъул хІакъалъулъ хабар. 2 – Цо шагьаралда вукІун вуго Аллагьасукьаги хІинкъуларев гІадамазукьаги нечоларев цо къади. 3 Гьебго шагьаралда йикІун йиго цо къоролайги. Гьей щибаб къойил ячІуней йикІун йиго гьев къадиясухъе цо пуланав жиндир дагІбадуласдаса жий цІунеян. 4 Амма къади гІемераб мехалъ разилъун гьечІо. Ахирги цо къоялъ гьес пикру гьабун буго: «Я Аллагьасукьа хІинкъуларо дун, я гІадамазукьа нечоларо. 5 Амма гьадай къоролалъ дие рахІат толеб гьечІелъул, дица гьелъул къваригІел тІубан лъикІ, гурони – гьелъ, нахъаса къотІичІого гьание хьвадун, дир бетІер сверизабила». 6 Бихьулищ Аллагь рикІкІунарев къадиясулгицин ккараб пикру? – ян абуна ГІисаца гьезда. – 7 Къасиги къадги жиндир цІобалде хьул лъун, гьари-дугІаялда жинде ахІделел ругел тІаса рищарал лагъзал Аллагьасги цІуниларищ? Гьезул мурад тІубазабизе кватІилищ гьев? 8 Дица нужеда абулеб буго: гьес гьел хеккого цІунила. Амма ГІадамил Лъимер вачІараб мехалъ, божи-иман батиладай гьесда гьаб ракьалда? 9 Цоги ГІисаца, мисал бачун, бицана жалго вализабийиланги чІун, цогидал къабихІ гьарулел цо-цо гІадамазул хІакъалъулъ гьадинаб хабар: 10 – Аллагьасе дугІаялъе Мукъадасаб Рокъове лъугьун вуго кІиго чи: магъало бакІарулев чиги фарисеявги. 11 Жиндирго бакІалда вахъун чІун, фарисеяс рекІелъ дугІа гьабун буго: «Я, дир Аллагь! Дуе рецц буго дун цогидазда релълъарав вижичІелъул; хъачагъазда, макручагІазда, зиначагІазда, хІатта гьав магъало бакІарулев чиясда релълъарав гьечІелъул. 12 Анкьида жаниб кІиго къоялъ кІал ккола дица, дие щварабщиналъул хайиралъул анцІил бутІа садакъаде кьола». 13 Магъало бакІарулев чийин абуни дова нахъегІан чІун вукІун вуго, берал зодихъе руссинаризецин намуслъун. Амма, керенги бухулаго, абулеб букІун буго гьес: «Я, дир Аллагь! Мунагьазул цІурав дида гурхІа!» – абун. 14 Дица нужеда абулеб буго: дов фарисеясда данде ккуни, гьев магъало бакІарулев чи Аллагьасда цеве цІикІкІунго вацІцІалъун тІадвуссана жиндирго рокъове. Жинцаго живго тІадегІанлъизавурав гІодовегІанлъула, живго гІодовегІанго чІарав тІадегІанлъичІого хутІуларо. 15 ГІисинал лъималги рачун рачІунаан ГІисахъе, гьезда тІад квер бахъеян гьарун. Муридазда гьеб бихьидал, гьез гьел риччалел рукІинчІо. 16 Амма ГІисаца, лъималги аскІоре ахІун, муридазда абуна: – Риччанте лъимал дихъе рачІине, гьезие квекІен гьабуге. Гьединазейин Аллагьасул ПарччахІлъи щун бугеб! 17 ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: Аллагьасул ПарччахІлъи лъимаца гІадин къабул гьабичІев чиясе гьенибе нух гьечІо. 18 Цо кІудияв хІакимас ГІисада гьикъана: – Я, лъикІав МугІалим! Абадияб рукъалъул бутІа щвеялъе щиб дица гьабизе кколеб? 19 ГІисаца гьесда абуна: – Щай дуца дида лъикІавилан абулеб? Щивниги лъикІав вукІунаро, цохІо Аллагь гурони! 20 Дуда лъалагури Аллагьасул амруял: «зина гьабуге», «чи чІваге», «цІогьодуге», «гьересинугІлъи гьабуге», «эбел-инсул адаб-хъатир гьабе». 21 Гьес ГІисада абуна: – ГІолохъанаб мехалдасаго тІуразарулел руго дица гьел амруял. 22 ГІисаца абуна: – Цо жо буго дуе камун. Дурго бугеб кинабго боцІи-рикъзи биче ва мискин-пакъирасе садакъаде кье, гьелъухъ дуе насиблъила зобалазул хазина. Цинги дихъе вачІа, дида цадахъ вилълъине. 23 Гьеб рагІидал, дов чи цІакъ пашманлъана. Гьев вукІун вуго кутакалда бечедав чи. 24 Гьесухъ валагьун ГІисаца абуна: – Бечедав чиясе Аллагьасул ПарччахІлъиялде лъугьине захІмалъулеб куц! 25 РукІкІадул ролъиялъусан лъугьине вараниялъего бигьа букІина Аллагьасул ПарччахІлъиялде ворчІизе бечедав чиясеялдаса. 26 Гьесухъ гІенеккун рукІараз гьикъана ГІисада: – Гьедин батани, хвасарлъизе кІолев чигІаги щивдайха? 27 Гьес жаваб кьуна: – Инсанасда кІоларебги Аллагьасда кІола, – ян. 28 Пётрица абуна: – Гьале нижерго бугебщинабги рехун тун, ниж дуда хадур рилълъана. 29 ГІисаца гьезда абуна: – ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: Аллагьасул ПарччахІлъиялъе гІоло мина-рукъги, лъимал-хъизанги, вацал-яцалги, эбел-эменги рехун тарав цониги чи хутІизе гьечІо, 30 гьелъухъ гьаб заманаялда гІемерго цІикІкІараб шапакъат щвечІого, ва ахираталъул рокъоб абадияб гІумру насиблъичІого. 31 Жиндирго анцІила кІиявго муридги аскІове ахІун, ГІисаца абуна: – Гьале нилъ Иерусалималде унел руго. ГІадамил Лъимадул хІакъалъулъ цебеккунго Аллагьас аварагзабазда лъазабун букІараб хІукму тІубала гьениб. 32 Гьев цогидаб халкъалъул гІадамазда кодове кьела, гьезги инжит-хІакъир гьавила, тІаде тударила, 33 вухила-кьабила, цинги чІвала ва хун лъабабилеб къоялъ гьев чІаголъила. 34 Амма гьезда щибниги бичІчІичІо. Гьел рагІабазул магІна босизе бажаричІо гьезухъа. Сундул хІакъалъулъ бицунеб бугебали лъачІо гьезда. 35 Иерихон шагьаралде щолаго, цо бецав чи ватана нухлул ракьанда кІусун гьарделев. 36 ГІадамазул руккел аскІосан унеб рагІидал, щиб ккарабилан гьикъана гьес. 37 Гьесда бицана Назареталдаса ГІиса вугин гьанисан вачІунев. 38 Гьебмехалъ гьардухъан ахІдана: – Я, Давудил вас ГІиса! ГурхІа мун дида! 39 Гьесда цересан унел гІадамазе бокьун букІана гьардухъан вуцІцІун чІезавизе. Амма гьес дагьабги гьаракь борхун ахІана: – Я, Давудил вас! ГурхІа дида! – ян. 40 Гьенив лъалхъун, ГІисаца абуна гьев жинда аскІове вачеян. 41 – Дица щиб гьабизе дуе бокьун бугеб? – абун гьикъана гьесда ГІисаца. Дос абуна: – Я, БетІерчІахъад! Беразда нахъеги канлъи бихьизе бокьун буго! 42 ГІисаца гьесда абуна: – Валагье гьанже! Дурго божи-иманалъ сахлъизавуна мун. 43 ГьебсагІат канлъи бихьун, ГІисада цадахъ вилълъана гьев, Аллагьасе реццги гьабулаго. Гьеб бихьун, киналго гІадамалги Аллагьасе рецц гьабизе лъугьана.

19

1 Иерихон шагьаралда жанисан унев вукІана ГІиса. 2 Магъало бакІарулел чагІазул бетІерлъун тІамурав Закай абулев цо бечедав чи вукІана. 3 Гьесул гъира букІана ГІиса кинав чи вугевали лъазе, гьев вихьизе. Амма халкъалъул руккалида гъорлъ ГІиса вихьизе бажарулеб букІинчІо, – къокъав чи вукІана Закай. 4 ЦевегІанги векерун цо инжиралъул гъотІотІе вахана гьев: гьенисан ине кколаан ГІиса. 5 Гьеб гъотІокье щведал, ГІиса эхеде валагьана ва Закайида абуна: – Закай, хехго рокъове а: жакъа дун духъ гьоболлъухъ рещтІине ккола. 6 Хехго гъотІодаса гъоркьеги лъугьун, вохуца холаго къабул гьавуна гьес ГІиса. 7 Гьеб бихьун киналго зурзудизе лъугьана мунагьазул цІурав чиясул бакІалде анин гьев гьоболлъухъилан. 8 Вахъун Закайица ТІадегІанав ГІисада абуна: – Я, БетІерчІахъад! Гьале дирго бечелъиялъул бащдаб дица мискин-пакъирасе садакъаде кьела ва, дица гуккарав чи ватани, гьебги ункъиде бахинабун бецІила. 9 ГІисаца гьебмехалъ абуна: – Жакъа гьаб рокъобе хвасарлъи бачІана, гьавги Ибрагьимил вас вугелъул. 10 Рилун ругелазда хадув, гьел ралагьизейин ва гьел хвасар гьаризегийин, вачІун вугев ГІадамил Лъимер. 11 Гьес рицунел харбазухъ гІенеккун рукІарал гІадамазе цоги мисал бачана ГІисаца. Гьев Иерусалималде щолев вукІиндал ва гьел Аллагьасул ПарччахІлъи хеккого бачІинилан божун рукІиндал, 12 гьес бицана: – ЛъикІаб наслу-тухумалъул цо пуланав чи чияр улкаялде ун вуго гьенив ханлъун чІезе, цинги нахъвуссун жиндирго халкъалъулги ханлъун лъугьине. 13 Жиндирго анцІго рагьтІателги ахІун, щивасухъе цо-цо меседил гъурущ кьун буго, жив тІадвуссинегІан гьеб жиндие пайда-хайиралъе хІалтІизабеянги абун. 14 Амма жиндирго улкаялъул гІадамазе гьев вокьулев вукІун гьечІо. Гьесда хадурго чапарзаби ритІун руго гьез доб улкаялде, гьев чи жидер ханлъун вукІине жал рази гьечІилан лъазабизе. 15 Доб улкаялда ханлъиги щун тІадвуссараб мехалъ, гьес амру гьабун буго жинцаго месед кьурал дол рагьтІателал ахІейилан, лъица кигІанасеб пайда-хайир доб меседалдаса жиндие щвезабун бугебали лъазе. 16 ВачІун цо рагьтІателас абунила: «Я, бетІерчІахъад, дуца кьураб меседалдаса анцІго месед хайирлъана», – ян. 17 «ГьитІинаб божилъиялъе дуца дида цебе кІудияб ритІухълъи бихьизабуна, дир лъикІав рагьтІател. АнцІго шагьаралъул наиблъун тІамулев вуго дица мун», – ан абун буго ханас гьесда. 18 ВачІун цогидав рагьтІателас абун буго: «Я, бетІерчІахъад, доб цо меседалдаса щуго месед хайирлъана», – ян. 19 Гьесдаги ханас абун буго: «Мунги дица щуго шагьаралъул наиблъун тІамулев вуго», – ян. 20 ВачІун лъабабилев рагьтІателас абун буго: «Я, бетІерчІахъад, гьале дур месед. КвербацІцІалда гьоркьоб лъун цІунун букІана дица гьаб. 21 Дуцаго лъечІеб бакІалдаса босулев, дуцаго бекьичІеб лъилъулев кьварарав чи мун вугелъул, хІинкъана дун гьелда хъвазе». 22 «ГІай, макирав рагьтІател! Гьел дуца абурал рагІаби сабаблъун тамихІ гьабулеб буго дица дуе. Дуда лъалеб букІун бугоха дицаго лъечІеб бакІалдаса босулев, дицаго бекьичІеб лъилъулев кьварарав чи дун вукІин. 23 Щай дуца дир месед хайиралъе хІалтІизабичІеб, жакъа тІадвуссараб мехалъ хайиргун цадахъ нахъе щвелаангури гьеб дихъе?» – ян абун буго ханас гьесда. 24 АскІор рукІараздаги абун буго ханас, гьесухъаги босун, гъоб месед анцІго месед бугесухъе кьейилан. 25 Гьез гьесда абун буго: «Я, бетІерчІахъад, гъосухъ гьадинги анцІго месед бугогури», – ян. 26 «Дица нужеда абулеб буго: кодолъи бугевщинасе кьезе буго, кодолъи гьечІесухъа бугебги бахъизе буго. 27 Дун жидер ханлъун ккезе бокьун букІинчІел дол дир тушбабийин абуни, гьанире дида цереги рачун, чІвай!» 28 Гьеб хабарги бицун, ГІиса Иерусалималдехун валагьун ана. 29 Зайтуналъул магІарда аскІор ругел Бетфагиялде ва Бетаниялде гІагарлъидал, кІиго муридги аскІове ахІун, ГІисаца гьезда абуна: 30 – Гьудуб нилъеда цебе бугеб росулъе а нуж. Росулъе лъугьаралго, цо бакІалда бухьун батила жеги чи тІад рекІинчІеб кІудияб кІерт. Рухьадасаги бичун, гьебги бачун рачІа. 31 Щай гьеб бачунебан абулев чи ккани, ТІадегІанав ГІисае къваригІун бугин абе. 32 Гьедин ритІун аразда, ГІисаца абухъе, гьениб батана кІудияб кІерт. 33 Гьеб рухьадаса бичулеб бихьараб мехалъ, гьелъул бетІергьабаз гьазда гьикъана щай гьеб бичулеб бугебилан. 34 ТІадегІанав ГІисае къваригІун бугилан жаваб кьуна гьаз. 35 КІерт ГІисахъе бачун бачІана. Гьелъул гьодиде рехана жидерго партал ва гьез гьев кІартида рекІинавуна. 36 Гьев унеб нухда, тІаса бахъун, жидерго ретІел тІибитІулеб букІана гІадамаз. 37 Зайтуналъул магІардаса гІодоре лъугьунеб бакІалде гІагарлъидал, цадахъ рукІарал тІолалго муридал роха-хинлъун ва ахІунго ахІун Аллагьасе рецц гьабизе лъугьана, гьес рихьизарурал мугІжизатазухъ. 38 Гьез турки ахІулеб букІана: – БетІергьанас витІун вачІарав ПарччахІасда баркат лъеги! Зобалазда рекъел букІаги! ТІадегІанав Аллагьасе рецц! 39 Халкъалъул руккалилъ рукІарал цо-цо фарисеяз абуна ГІисада: – Я, НасихІатчи! РуцІцІун чІезаре гьал дурго муридал! 40 ГІисаца гьезие жаваб кьуна: – Дица нужеда абулеб буго: гьел руцІцІун чІани, ганчІал ахІдела. 41 Иерусалим бихьулеб бакІалде щведал, гІодана ГІиса. Шагьаралъухъ магІу гьабун, 42 гьес абуна: – Жакъа, гьаб къоялъгІаги, лъалебаниха дуда дур саламалъиялъе щиб къваригІунебали! Гьанжего дур беразда гьеб бихьизе рес гьечІо. 43 Дуде цо къо бачІина, чІахІиял хъулбиги ран, тушбабаз кисанго мун данде къан сверун ккураб. 44 Ракь лъугьинабила дур Ва дур гІадамазулги. ГанчІида лъураб гамачІ хутІиларо кибниги. Щайгурелъул Аллагьас Дуй хвасарлъи битІараб Заман дуда лъачІелъул. 45 Цинги Мукъадасаб Рокъове жаниве лъугьун, гьенир ричарулел рукІаралги босулел рукІаралги гІадамал къватІире гъезе лъугьана ГІиса. 46 Гьес гьезда абуна: – ТІехьалда хъван буго: «Гьаб Дир рукъалда цІар букІине буго как-диналъул рукъ» абун. Нужецайин абуни гьаб хъачагъазул нохъоялде сверизабун буго. 47 ГІисаца щибаб къойил гьеб Мукъадасаб Рокъоб гІадамазе вагІза гьабулеб букІана. ЧІахІиял кашишзабаз, диниял гІалимзабаз ва чІухІби-хІакимзабаз хІаракат бахъулеб букІана гьев тІагІинавизе рес ккелародайилан. 48 Гьезда гьабизе кІолеб жоги букІинчІо, тІолабго халкъ ГІисада сверухъ гъункун, гьесухъ гІенеккун букІиндал.

20

1 Иерусалималъул Мукъадасаб Рокъоб вагІза-насихІат гьабулев, Рохалил хабар бицунев ГІиса вугеб мехалъ, гьенире рачІана чІахІиял кашишзаби, диниял гІалимзаби ва чІухІби-хІакимзаби. 2 Гьез гьесда гьикъана: – Гьаб хІалтІи гьабизе ихтияр бугебищ дур? Лъица дуе гьеб ихтияр кьураб? – абун. 3 ГІисаца гьезда абуна: – Дицаги кьела нужее цо суал. Бице: 4 лъадалъ ччун рахъун гІадамал рацІцІад гьаризе ихтияр ЯхІяе кисан щун букІараб: зобалаздасанищ яги гІадамаздасанищ? 5 Цоцазда гьоркьоб хабар ккана гьезул. «Зобалаздасан букІанин абуни, гьес абила гури, щайха нуж ЯхІяда божичІелилан. 6 ГІадамаздасан букІанин абуни, тІолабго халкъалъ ганчІица чІвала нилъ, ЯхІя гьез авараглъун рикІкІунев вугелъул». 7 Кисан гьеб ихтияр букІарабали жидеда лъаларилан кьуна гьез жаваб. 8 ГІисаца гьездаги абуна: – Дица нужедаги бицинаро лъил ихтияралдалъун гьаб иш гьабулеб бугебали. 9 Цинги гьес, халкъалдехун вуссун, мисал бачун, гьадинаб хабар бицине байбихьана: – Цо чияс цІолбол ах гьабун буго. Цинги ахихъабазухъе ижараялъе гьеб ахги кьун, гьев чи къватІиве ун вуго ва гІемераб заманаялъ гьенив чІун вуго. 10 ЦІибил барщараб мехалъ, гьес дол ижарачагІазухъе цо рагьтІател витІун вуго жиндие кколеб бутІа кьейин абейилан. Доз гьев рагьтІател вухун вуго ва чІового нахъе хъамун вуго. 11 Цоги рагьтІател витІун вуго дос. Вухун-кьабун, инжит гьавун доз гьевги чІового нахъе хъамун вуго. 12 Лъабабилевги витІун вуго дос. Доз гьев лъукъ-лъукъун къватІиве рехун вуго. 13 Щибдай дица гьабилебилан ракІалде ккун буго ахил бетІергьанасда. «Дица гьезухъе витІила дирго вокьулев вас. ГьесулгІаги хІурмат гьабилеб батила доз». 14 Гьев вихьараб мехалъ, дол ижарачагІаз цоцазда абун буго: «Гьале гурищ ирсилав, рачІа гьав чІвазе, – ирсги нилъеего хутІизе». 15 Ахикьа къватІивеги рехун, чІван вуго доз гьев вас. Гьанже гьел ижарачагІазе щибдай гьабила ахил бетІергьанас? 16 ВачІинеги вачІун, чІвала гьес гьел, ахги цогидазухъе кьела. Харбихъ гІенеккараз абуна Аллагьас цІунагийилан. 17 – Гьедин батани, – ян гьикъана ГІисаца, гьезухъги валагьун, – ТІехьалда хъван бугеб гьадинаб калимаялъул магІна щибали лъалищ нужеда: «Къадалъ лъезецин ярагьунарилан къадахъабаз нахъе рехараб гамачІ битІахъе цололъ лъун буго»? 18 Гьеб ганчІиде вортаравщинавги щущан ине вуго, бортун бачІун гамачІ тІад речІчІаравги чІинтІизе вуго. 19 Диниял гІалимзабазе ва чІахІиял кашишзабазе бокьун букІана, гьебсагІатго кквезеги ккун, ГІиса жанив тІамизе, амма халкъалъукьа хІинкъун тана. Гьеб мисал ГІисаца жидер рахъалъ бачараб букІин бичІчІана гьезда. 20 Цинги ГІисада хадуб хал кквезе лъугьана гьел ва жасусал ритІана, жалго рацІцІадал чагІи ругеб ххвел гьабун, ГІисал кІал таризабизе кІоларищали хІалбихьеян. Ккун вачун сардарасда кодове кьун, гьес ГІисае тамихІ гьабизе гІураб гІайиб-хатІа балагьизе бокьун букІиндалха гьезие. 21 Гьел жасусаз ГІисада гьикъана: – Я, МугІалим! Нижеда лъала дур рагІиги вагІзаги ритІухъаб букІин. Гьурмахъ балагьун иш гьабулеб гІамалги дур гьечІо, Аллагьасул хІакъаб нух буго дур малъиги. 22 Бице нижеда, къануналда рекъон, къайсарасе магъало кьезе бегьулебищ нижеца яги бегьуларебищ? 23 Гьезул хІилла-макру бичІчІун, ГІисаца абуна: – 24 Цо динар бихьея дида. Лъил суратги хъвай-хъвагІайги гьалда бугеб? Къайсарасул бугилан абуна гьез. 25 – Гьедин батани, къайсарасулаб къайсарасе кье, Аллагьасулаб Аллагьасе кье, – ян абуна ГІисаца гьезда. 26 Гьедин жасусазухъаги бажаричІо гІадамал ругеб бакІалда ГІисахъа рагІи бахъизе. Гьесул жавабалъ хІикмалъизарун, руцІцІун чІана гьел. 27 Цинги ГІисахъе рачІана къиямасеб къоялъ хварал тІаде рахъине рукІиналде инкар ккун чІарал саддукеял абулел гІадамал. Гьез ГІисада абуна: 28 – Я, МугІалим! Мусаца нилъее бихьизабун буго: цо пуланав чиясул вац хвани, гьесдасан лъимерги нахъе хутІичІони, гьесул вацас яче абе жиндирго хварав вацасул лъади, дов хварав вацасул наслу къинчІого букІине. 29 Масала, анкьго вац вукІун вуго. ЧІужу ячун хадув, лъимер гьабилалдего хун вуго кІудияв вац. 30 Гьесул чІужу ячун йиго хадусев вацас, гьевги хун вуго. 31 Лъабабилевги хун вуго. Гьедин цо-цоккун хун, анкьавго вацасул рижи лъугьун гьечІо. 32 Ахиралда хун йиго гьезул йикІарай чІужуги. 33 ХІасил, гьей анкьго росасул лъадилъун йикІарай гІадан къиямасеб къоялъ лъил чІужулъун йикІине йигей? Гьезие жавабалъе ГІисаца абуна: 34 – Дуниялалъул рукъалъул бихьиназ лъудбиги рачуна, руччаби россабазеги уна. 35 Амма къиямасеб къоялъ тІаде рахъун ахираталъул рукъалъе мустахІикълъаразул я лъудби, я росал рукІине гьечІо. 36 ТІокІалъ хвезеги холаро гьел, малаикзабазда бащалъулелъул гьел ва хваралъуса гьес чІаголъизарурал Аллагьасул лъималлъунги кколелъул. 37 ЦІа рекІун бугониги, бухІунго лъугІулареб хъархъилъан жинда рагІанин: «Дун вуго Ибрагьимил Аллагь, ИсхІакъил Аллагь, Якъубил Аллагь!» – абун БетІергьанас ахІулеб гьаракьилан бицунеб бакІалда, Мусацаги бихьизабулеб буго хварал чІаголъизе ругилан. 38 Аллагь – гьев хваразул Аллагь гуро, чІагоязул Аллагь вуго, гьесие киналгоги чІагоял ругелъул. 39 Гьебмехалъ цо-цо диниял гІалимзабаз абуна: – Я, МугІалим! ЦІакъ лъикІ абуна дуца, – ян. 40 ТІокІаб лъилниги бахІарчилъи гІечІо ГІисада щибниги гьикъизе. 41 Гьес гьезда абуна: – Давудил вас вугин МасихІилан щай абулеб? 42 Туркабазул Хирияб ТІехьалда (Забуралда) Давудица жинцаго абулеб бугогури: «ТІадегІанав Аллагьас дир БетІергьанасда абуна: „Дир кваранаб рахъалда гІодов вукІа, 43 дица дур тушбаби дур хІатІал лъураб бакІалда цере чІезаризегІан“». 44 Гьедин Давудица жинцаго гьесде жиндир БетІергьанилан абулеб бугони, Давудил вас кин гьев кколев? 45 ТІолабго халкъалда рагІиледухъ абуна ГІисаца жиндирго муридазда: 46 – Воре, гьал диниял гІалимзабаздаса цІунун чІа нуж. Гьезие бокьула халатал гІабабиги ретІун хьвадизе, базаркъотІноб халкъалъ жидеего салам кьезе, синагогабазда жанир киназдасаго церегІан гІодор чІезе ва гьоболлъухъ кванил тІотІода нахъа бищунго хІурматияб бакІ кквезе. 47 Росал хун хутІарал къоролзабазул боцІи-рикъзи кванала гьез ва рихьдаего халатал дугІаби гьарула. Гьеб кинабго цІикІкІун гьабунагІан гІасияб букІине буго гьезие тамихІ.

21

1 Мукъадасаб Рокъоб садакъаде гІарац лъолеб бакІалде бечедал чагІаз гІемераб гІарац рехулеб бихьана ГІисада. 2 Бащдаб капекалъул багьаяб кІиго пахьул гІарац гьенибе рехулей цо мискинай къоролайги йихьана гьесда. 3 ГІисаца абуна: – ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: гьай мискинай къоролалъ киназдасаго цІикІкІун гІарац кьуна садакъаде. 4 Цогидаз садакъа гьабуна жидерго боцІи-рикъзи тІокІлъун, долъин абуни, жиндиего хІажат букІаниги, садакъаде кьуна жиндирго бетІербахъиялъе хутІун букІарабщинаб. 5 Мукъадасаб Рукъалъул хІакъалъулъ цо-цояз абулеб букІана, унго, гьалъул къадазулъ лъун ругел ганчІазул берцинлъи бихьуларищилан, бечедал сайигъатаз гьаб чІухІизабун бугеб куцилан. ГІисаца абуна: 6 – Гьаб кинабго нужеда бихьулебщинаб, ганчІида лъураб гамачІ хутІичІого, кІалагъоркье чІварал къоял рачІине руго. 7 – Я, МугІалим! Кида гьеб букІине бугеб? – ан гьикъана гьез гьесда. – Гьеб къо тІаде щвеялъул гІаламат бице нижеда. 8 ГІисаца абуна: – Воре, къосинаризе гурин нуж! Чанги вукІине вугелъулха, жив дун вугилан ва ахирзаман щванилан абун вачІунев чи. Гьезда хадур унге нуж. 9 Рагъ-кьалги тунка-гІусиги гІемерлъун бугилан рагІани, гьелдасаги хІинкъуге нуж. Гьеб цебеккунго лъугьине ккола, амма ахирзаман гьедигІан хехго тІаде щоларо. 10 Цинги гьес абуна: – Цо халкъ цоги халкъалде, цо ханлъи цоги ханлъиялде тІаде кІанцІила. 11 Кутакалда ракь багъарила, бакІ-бакІалда унта-щокълъи баккила, ракъи тІаде щвела, балагьал рещтІина ва зобалаздасан чІахІиял гІаламатал загьирлъила. 12 Гьеб кинабго ккелалде, дун сабаблъун нужеда хадур лъугьина, кквезеги ккун, синагогабазде рачина, суд гьабила, гвандинире рехила, парччахІзабазда ва наибзабазда цере чІезарила. 13 Гьебмехалъ рес ккела нужее, дир муридал ругилан нугІлъи гьабизе. 14 Кин гьезие жаваб кьелебали цебеккунго ургъел чІвазе кколареблъиялда ракІчІезабе нужеца. 15 Щаян абуни, нужеда дандечІезе ва данде кІалъазе нужер киналго дагІбадулазухъа бажарулареб пасихІлъиги гІакъиллъиги кьела дица нужее. 16 Нужее хилиплъила хІатта нужер эбел-эмен ва вацал, нужер гІагарал чагІи ва гьудулзаби. Цо-цоял чІвазеги чІвала нужер. 17 Дун сабаблъун киналго гІадамазда рихина нуж. 18 Амма нужер бутІруздаса цо расги бортизе гьечІебха. 19 Нужерго сабруялдалъун нужерго рухІал хвасар гьаре. 20 Боял рачІун, Иерусалим сверун ккун бихьараб мехалъ, лъала нужеда гьеб шагьар чІунтулеб заман гІагарлъулеб букІин. 21 Гьеле гьебмехалъ мугІрузде лъута абе Ягьудиялда ругел гІадамал. Шагьаралда жанир ругелал гьениса къватІире тІурун аян абе, шагьаралдаса къватІирехун ругелал жанирего лъугьунгеян абе. 22 Щаян абуни, гьел ругелъул къисас босулел къоял, гьелдалъун ритІухълъизе бугелъул Илагьиял ТІухьдузда хъварабщинаб. 23 Вай, къинал руччабазе ва каранда хахулел лъимал ругел улбузе букІинаха дол къояз кІудияб къварилъи-гІазаб! ЦІакъ кІудияб балагь бачІина гьеб ракьалде, Аллагьасул ццин рещтІина гьеб халкъалде! 24 Хвалчабаз бутІрул къотІаралги рукІина, киналго улкабазде асирлъун рачун аралги рукІина. Аллагь лъалареб халкъалъул къуват лъугІараб заман тІаде щвезегІан, гьелъ хІатІикь мерхьина Иерусалим. 25 Бакъ-моцІалъул ва цІвабзазул гІаламатал загьирлъила, ракьалдайин абуни, ралъдал хъудиялъ ва карачалабазул кутакаб хъуялъ хІинкъизарурал халкъал цІакъго рихха-хочун лъугьина. 26 Дуниялалде рещтІине ругел балагьазухъ ралагьун чІеялъги хІинкъиялъги гІадамал гІакълуялдаса ина. Щаян абуни, къвакІарал зобал гьаргьадизе ругелъул. 27 Гьебмехалда вихьила накІкІул парчаялда тІад гучалда ва кІудияб къудраталда ГІадамил Лъимер вачІунев. 28 Гьел гІаламатал загьирлъаралго, нуж тІаде рахъа ва бетІер эхеде борхун ралагье – нужее тархъанлъилъидал бачІунеб бугеб. 29 ГІисаца гьезие гьадинаб мисал бачана: – Инжиралъул гъотІохъ яги цогидал гъутІбузухъ ралагье нуж. 30 Гьел гъутІби гІурччинлъун рихьараб мехалъ, нужеда лъалагури рии тІаде щолеб букІин. 31 Гьелдаго релълъун, гьал дица рицарал гІаламатал загьирлъараб мехалъ, нужеда лъала Аллагьасул ПарччахІлъи гІагарлъулеб букІин. 32 ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: дуниялалда гьаб наслу букІаго лъугьине буго гьеб кинабго. 33 Зобалги ракьалги тІагІаниги, дир рагІаби нахъе хутІизе руго. 34 Воре, гьекъолдун, пасалъун ва магІишаталъул тІалаб-агъаз гьабун, ракІ бицалъизе биччаге, тохлъукьего гьеб къоялъ нужее къор гъезе гурин. 35 Гьеб къо тІаде бачІине бугелъул тІолабго гьаб ракьалда тІад бугеб кинабго махлукъаталде! 36 Гьединлъидал рорчІуда чІа! Кинабго гьеб ккезе бугелдаса хвасарлъизеги ва къиямасеб къоялъ ГІадамил Лъимада цере чІезе кІвезеги кидаго гьари-дугІаялда рукІа. 37 Гьел къоязда Мукъадасаб Рокъове вагІза-насихІат гьабизе вачІунаан ГІиса. Сордо базе гьев Зайтуналъул магІарде тІадвуссунаан. 38 Щибаб къоялъ радалго бачІунаан Мукъадасаб Рокъобе гьесухъ гІенеккизе халкъ.

22

1 Жинда Пасхаян цІар лъураб РеччичІел Панкъазул Байрам гІагарлъулеб букІана. 2 ЧІахІиял кашишзабиги диниял гІалимзабиги ургъулел рукІана ГІиса тІагІинавизе санагІат ккелародайилан, амма халкъалъукьаги хІинкъулел рукІана гьел. 3 Дов анцІила кІигоясул цояв, Искариотин тІокІцІар бугев Ягьудал рекІелъе илбис лъугьана. 4 ЧІахІиял кашишзабаздаги Мукъадасаб Рукъ цІунулел рагъухъабазул бутІруздаги аскІове ун, гьезулгун къотІи-къай гьабуна ГІиса гьезул кверде кьезе. 5 Гьел рохана ва гьесие гІарац кьезе къотІи гьабуна. 6 Ягьуда гьелда разилъана. Цинги гьес балагьулеб букІана гІадамал гьечІеб бакІалда ГІиса гьезул кверде кьезе санагІалъи бугеб заман. 7 РеччичІел панкъал режулеб ва къурбаналъе пасхаялъул кьегІер хъолеб къо тІаде щвана. 8 ГІисаца Пётридаги Иоаннидаги абуна, нилъеего пасхаялъул квен хІадур гьабизе аян. 9 Киб нижеца гьеб гьабизе дуе бокьун бугебилан гьикъана гьез ГІисада. 10 ГІисаца гьезда абуна: – Балагьея, шагьаралде жанире лъугьараб мехалъ, лъадал гІеретІги цІун вачІунев цо чи ватила нужеда. Гьев жаниве лъугьараб рокъоре а нужги гьесда хадур. 11 Цинги нужеца рукъалъул бетІергьанасда абе: «МугІалимасе лъазе бокьун буго жиндирго муридалгун цадахъ пасхаялъул квание рукъ киб бугебали». 12 Гьес нужеда бихьизабила цо гІатІидаб къачІараб тІасарукъ. Гьеле гьениб хІадуре нужеца квен. 13 Шагьаралде щведал, ГІисаца абухъе тІубана гьез иш. Цинги пасхаялъул квенги хІадур гьабуна. 14 Къаси кванил ригь щвараб мехалъ, вачІун ГІиса кваназе гІодов чІана, гьесда аскІов вукІана анцІила кІиявго чапарги. 15 ГІисаца гьезда абуна: – Дица гІазаб-гІакъуба хІехьезе ккелалде гьаб Пасхаялъул квен нужеда цадахъ кваназе цІакъ гІащикълъун вукІана дун. 16 Дица нужеда абулеб буго: Аллагьасул ПарччахІлъиялда ахирисеб пасхаялъул байрам тІобитІизегІан тІокІаб кваназе гьечІо дица гьеб. 17 Цинги гьес, чагъиралъул цІураб щурунги босун, тІаде дугІаги гьабун, абуна: – Ма, нужедаго гьоркьоб бикье гьаб. 18 Дица нужеда абулеб буго: Аллагьасул ПарччахІлъи рещтІинегІан гьанжеялдаса нахъе тІокІаб гьекъезе гьечІо дица гьаб цІолбол цІцІураб жа. 19 Цо чедги кодобе босун, тІаде дугІаги гьабун, гьезухъе кьолаго ГІисаца абуна: – Гьаб буго нужее гІоло къурбанлъулеб дир черх. Дунги ракІалде щун, нужецаги гьабе гьадин. 20 Кванан рахъараб мехалъ, додинго щурунги кодобе босун, ГІисаца абуна: – Гьаб буго нужее гІоло тІолеб дир би – ЦІияб КъотІи щулалъиялъе тІолеб би. 21 Амма дида цадахъ гьаб кванде квер бегьана дие хилиплъизе вугев чиясги. 22 Гьедин ГІадамил Лъимер жиндирго къадаралде щвела, амма гьесие хилиплъарасдеги балагь бачІина. 23 Гьел цоцаздехун гаргадизе лъугьана: щивдай гьевилан, лъицадай гьеб гьабизехъин бугебилан. 24 Цоги гьезда гьоркьоб дагІба-къец ккана жидеда гьоркьов бищунго кІудиявлъун щивдай кколаян. 25 ГІисаца гьезда абуна: – ПарччахІзабаз халкъазе ханлъи гьабула, гІадамазги гьел кверщелчагІи рикІкІуна лъикІлъи гьабулел чагІилъун. 26 Амма нужеда гьоркьоб гьедин букІине бегьуларо: нужер бищунго кІудияв чІа бищунго гьитІинав вугев гІадин, кверщел бугевги чІа цогидазе хъулухъалъе. 27 Щив кІудиявлъун рикІкІунев: кваналев вугев чийищ яги кваналезе хъулухъалъе чІарав чийищ? Кваналев вугев чи гурищ? Гьале дун гьанив нужее хъулухъалъе чІун вуго. 28 Нужни дида цадахъ къо хІехьарал чагІи руго. 29 Гьединлъидал дир Инсуца дие ирсалъе кьураб ПарччахІлъи дица нужееги ирсалъе толеб буго. 30 Дир ПарччахІлъиялда нужги дида цадахъ квана-гьекъолел рукІине руго ва Исраилил анцІила кІиябго наслуялъе суд гьабизе тахазда тІад гІодорги чІезе руго. 31 Симон! Симон! Ворегиха! Илбисалъ гьарана нуж цІалкІизе риччайилан, цІалкІица кколелги кколарелги ролъул мугьал ратІа гьарулеб гІадин. 32 Дица дуе дугІа гьабуна мун иманалдаса ватІалъунгутІизе, цинги дида аскІове тІадвуссараб мехалъ, дурго вацазул ракІбатизабе. 33 Пётрица гьесда абуна: – Я, БетІерчІахъад! Дуда цадахъ туснахъалде инеги хвезеги хІадурав вуго дун. 34 Амма ГІисаца гьесда абуна: – Дица дуда абулеб буго, Пётр: радакье хІелеко бахъиналде дуца лъабцІулго абила дун дуда лъаларилан. 35 ГІисаца гьезда абуна: – Я гІарац лъун таргьа босичІого, я къайи лъун къвачІа босичІого, я хисун ретІине хьитал росичІого дица нуж ритІараб мехалъ, сундулниги къварилъи букІанищ нужее? БукІинчІилан жаваб кьуна гьез. 36 Гьес гьезда абуна: – Гьанже гІарцул таргьа бугес гьебги цадахъ босе, гьединго къвачІаги босе. Хвалчен гьечІес, чухъа-гужгатги бичун, гьеб босизе санагІат гьабе. 37 Дица нужеда абулеб буго: «Гьев такъсирчилъун рикІкІина», – ян Илагьиял ТІухьдузда дир хІакъалъулъ хъван букІарабги тІубазе буго, дир рахъалъ букІараб кинабго гьанже тІубазехъин бугелъул. 38 – Я, БетІерчІахъад! Гьале, кІиго хвалчен буго гьаниб, – ан абуна гьез. – ГІела, – ян абуна ГІисаца гьезда. 39 Цинги гьениса къватІиве вахъун, кидаго гІадин, Зайтуналъул магІарде ана гьев, муридалги рахъана гьесда хадур. 40 Доре щведал, ГІисаца гьезда абуна: – Гьари-дугІаялде русса, нужго къосинарунгутІизе. 41 Рехараб гамачІ щолеб манзилалъ гьездаса рикІкІадегІанги ун, суждаялдаги чІун, дугІа гьабизе лъугьана ГІиса. 42 Гьес абулеб букІана: – Я, дир Эмен, дур хІукму бугеб батани, гьеб хвалил лълъар гьекъезабуге дида. Амма дие бокьухъе гуреб, дуего бокьухъе букІине биччанте. 45 ДугІаги лъугІизабун, муридазда аскІове щведал, пашманлъиялъ тату хун, кьижун ратана ГІисада гьел. 46 – Щай нуж кьижарал? – ан абуна гьес. – ТІаде рахъа ва гьари-дугІаялде русса, нужго къосинарунгутІизе. 47 ГІисаца гьедин абулаго, гьале тІаде щвана гІемераб халкъ, ва цеве-цеве вукІана дол анцІила кІигояздасан цояв Ягьуда абулев чиги. ГІисада убач гьабизе аскІовегІан вачІана гьев. 48 ГІисаца гьесда абуна: – Ягьуда! Убачги гьабунищ дуца ГІадамил Лъимер тушбабазухъе кьолев вугев? 49 Гьениб ккезехъин бугеб иш бихьидал, сверухъ рукІараз ГІисада абуна: – Я, БетІерчІахъад! Хвалчаби рахъилищ? – ан. 50 Гьезул цояс хвалчен кьабун кІудияв кашишасул цо рагьтІателасул кваранаб гІин къотІана. 51 – ГІела! Те! – ян абуна гьезда ГІисаца ва, квер хъван, дов рагьтІателасул гІин сахлъизабуна. 52 Жинда хадур рачІарал чІахІиял кашишзабаздаги, Мукъадасаб Рукъ цІунулел рагъухъабазул бутІруздаги, чІухІби-хІакимзабаздаги ГІисаца абуна: – Хвалчабигун, тІилалгун, хъачагъ кквезе рачІунел кинигин, рачІун руго нуж дун вачине. 53 Щибаб къоялъ нужеда цеве Мукъадасав Рокъов вукІунаангури дун, гьениб диде квер борхичІо нужеца. Амма гьанже нужер заман бачІун буго, бецІаб къуваталъухъе кверщел щун буго. 54 Ккун вачун гьез ГІиса кІудияв кашишасул бакІалде щвезавуна. Нахъа-нахъа чІун гьезда хадув вачІунев вукІана Пётрги. 55 Гьеб минаялъул азбар бакьулъ цІаги бакун, сверухъ гІодор чІана рагъухъаби. Гьезда гьоркьов Пётрги вукІана. 56 ЦІадухъ гьев вихьидал, гьесухъ ялагьунги чІун, цо гъаравашалъ абуна гьавги досда цадахъ вукІанилан. 57 Пётрица, нагІадала ккун, абуна: – Дида лъаларо, яц, гьев. 58 Гьелдаса гІемер мех иналдего, цоги чиясги абуна, гьев вихьидал, мунги дозул чи вугилан. Пётрица абуна: – Гуро, гьудул. 59 СагІатгІан заман индал, цоги чияс цІакъ ракІчІун абуна: – Гьав хІакъикъаталдаги досда цадахъ вукІарав чи вуго, Галилеялдасалъидалха гьавги, – ян. 60 Амма Пётрица абуна: – Дуца бицунеб жо щиб, гьудул? ГьебсагІат хІелеко гІегІедизе лъугьана. 61 Гьебмехалъ гьесдехун вуссун Пётрихъ валагьана ТІадегІанав ГІиса, ва Пётрида ракІалде щвана хІелеко бахъиналде лъабцІул дуца жиндаса инкар гьабилилан ТІадегІанав ГІисаца жиндаго абун рукІарал рагІаби. 62 КъватІиве ун гІек-гІекиялда гІодана Пётр. 63 ГІиса цІунун рукІарал гІадамаз гьев къабихІ гьавулев вукІана, гьесда кьабулеб букІана. 64 Беразда чІортоги бухьун абулаан, мун авараг ватани, лъица кьабурабали бицейилан. 65 Цогидалги къабихІал-инжитал рагІаби гІемер абуна ГІисада гьез. 66 Дуниял рогьараб мехалъ, халкъалъул чІухІби-хІакимзабиги, кІудиял кашишзабиги, диниял гІалимзабиги данделъана гьенире, ГІисаги вачун вачІана суд гьабулеб рокъове. 67 – Бице, мун МасихІищ? – ан гьикъана ГІисада. 68 Гьес абуна: – Дица жаваб кьуниги, нуж божиларо. Дица суал кьуни, нужеца жавабги кьеларо. 69 Гьанжеялдаса нахъе ГІадамил Лъимер гІодов чІезе вуго Къудратав Аллагьасул кваранаб рахъалда. 70 Киназго гьикъана: – Гьедин батани, мун Аллагьасул Васищха? ГІисаца гьезда абуна: – Нужецаго абулеб бугогури дун гьев вугилан. 71 Гьез абуна: – Цоги нугІзал щай нилъее. Гьасул жиндирго кІалдисан рачІарал рагІаби рагІанагури нилъеда.

23

1 Гьел киналго, ГІисаги вачун, рахъун Пилатихъе ана. 2 Гьениб гьез ГІисаде гІайиб гІунтІизабулеб букІана, жидер халкъ дандечІеялде гьусулев ва къайсарасе магъало кьогеянги жив МасихІ-ПарччахІ вугиланги абулев ватанин гьевилан. 3 Пилатица ГІисада гьикъана: – Мунищха кколев жугьутІазул ПарччахІ? ГІисаца жаваб кьуна: – Дуца абулеб бугоха гьедин. 4 ЧІахІиял кашишзабаздаги халкъалдаги Пилатица абуна гьав чиясе тамихІ гьабизе гІураб гІайиб жинда батулеб гьечІилан. 5 Амма гьез тІаса ричІичІого абулеб букІана гьес халкъ багъа-бачаризабулеб бугин, тІолабго Ягьудиялдаго, хІатта Галилеялдаса бахъараб гьанибе щвезегІан, гьес жиндирго насихІат гьабулеб букІанин. 6 Галилеялъул цІар бахъулеб рагІидал, Пилатица гьикъана Галилеялдасацин гурищ гьав чийилан. 7 Гьеродил вилаяталдаса вукІин лъайдал, Пилатица ГІиса витІана гьел къоязда Иерусалималде вачІун вукІарав Гьеродихъе. 8 ГІиса вихьаравго, Гьерод цІакъ вохана. Цебего бокьун букІана гьесие ГІиса вихьизе, гІемерал харбал рагІулел рукІиндалха гьесул хІакъалъулъ. Цо хІикмат жиндаги бихьизабилародаян хьулги букІана Гьеродил. 9 Гьеродица гІемерал суалал кьуна ГІисае, амма гьес цонигиялъе жавабцин кьечІо. 10 Гьенир рахъун чІун чІахІиял кашишзабазги диниял гІалимзабазги гІасилъун-ццидахун ГІисаде гІайибал гІунтІизарулел рукІана. 11 Гьеродицаги гьесул рагъухъабазги ГІиса гІад-хочІие гьавун, инжит-хІакъир гьавун чІухІараб ретІел ретІана гьесда ва тІадвуссун Пилатихъе витІана. 12 Цебеккун цоцазда гьоркьоб тушманлъи букІарал Гьеродги Пилатги гьеб къоялдаса нахъе гьудулзабилъун лъугьана. 13 ЧІахІиял кашишзабиги, чІухІби-хІакимзабиги, цогидал гІадамалги ахІун, Пилатица гьезда абуна: 14 – Гьас халкъ дандечІеялде гьусулеб бугилан вачун вачІун вуго нужеца гьав чи дихъе. Гьале дица нужги ралагьун цІех-рех гьабидал, дида гьав чиясда батичІо нужеца гьасде гІунтІизарурал гІайибазул цонигияб. 15 Гьеродидаги батичІо, гьединлъидал дос гьав тІадвуссун нилъехъе витІун вачІана. ЧІвазе къотІизе гІураб цониги такъсирги гьас гьабун гьечІо. 16 ЦІалацаги вацІун, нахъе виччала дица гьав. 17 - 18 Амма халкъалъ цо кІалдисан гІадин ахІулеб букІана: – Гьев чІвазе витІе! Барабба кье нижехъе! – ян. 19 Барабба вукІана, шагьаралда цо питнаялда гІахьаллъиялъул ва чи чІваялъул такъсир тІад чІун, гвандинив тІамун вугев чи. 20 ГІиса нахъе виччазе бокьун нахъеги халкъалдехун кІалъана Пилат. 21 Амма гІадамал ахІдезе лъугьана: – Хъанчида вазе витІе гьев! Хъанчида вазе витІе! – ян. 22 Лъабабизеги абуна Пилатица гьезда: – Гьас гьабураб квешлъи щиб? ЧІвазе гІураб гІайиб батичІо дида гьасул. Гьединлъидал, цІалацаги вацІун, нахъе виччала. 23 Амма, кутакаб ахІи-хІур багъаризабун, тІадчІун гІадамаз гьарулеб букІана ГІиса хъанчида вазе витІейилан, ва гьезул ахІи-хІур бергьана. 24 Пилатица хІукму гьабуна гьезул гьари къабул гьабизе: 25 питнаялда гІахьаллъанилан ва чи чІванилан гвандиниве рехун вукІарав чиги, гІадамазул гьариялда рекъон, къватІиве виччан, ГІиса гьезул ихтияралде кьуна. 26 Гьев вачун унаго, гьесда хадуб хъанч баччизабуна хуриса вачІунев вукІун данде ккарав Киренеялдаса цо Симон абулев чиясда. 27 ЦІакъ гІемераб халкъ букІана ГІисада хадуб бачІунеб, хасго руччаби рукІана гІодилел ва магІаби гьарулел. 28 Нахъвуссун гьезухъги валагьун, ГІисаца абуна: – Я, Иерусалималъул руччаби! Нуж дихъ гІодуге! Нуж гІоде нужехъго ва нужер лъималазухъ. 29 «Чехь къинлъун лъимер гьабичІел, керен кьун гьеб хахизабичІел руччаби гьардарал гурищ!» – ан нужеца абулел къоял рачІине руго. 30 ТІаде рортун ниж гъоркь ккезареян мугІрузда гьардела гІадамал гьебмехалъ, щущан ун ниж щинкІизареян гохІазда гьардела. 31 ГІурччинаб гъветІалъе гьадинал ишал гьарулел ругони, – бакъвараб гъотІое щибдай гьабила! 32 КІиго хъачагъги вукІана гьесда цадахъ тамихІалъе вачун унев. 33 «Гвангвара» абулеб бакІалде щведал, ГІиса хъанчида вана; цояв кваранаб рахъалда, цогидавги квегІаб рахъалда – дов кІиявго хъачагъги вана хъанчида. 34 ГІисаца абуна: – Я, дир Эмен! Гьазда тІасалъугьа мун. Жидецаго гьабулеб бугеб жо гьазда лъалеб гьечІо, – ян. Рагъухъаби рукІана, можоро тІамун, гьасул ретІел жидедаго гьоркьоб бикьулел. 35 Халкъ балагьун чІун букІана. ЧІухІби-хІакимзаби гьасда тІад релъанхъулел рукІана: – Аллагьас тІаса вищарав МасихІ вугев ватани, живго хвасар гьавеян абе, цогидал хвасар гьарулин досилан абулеб букІанин. 36 Рагъухъабазги гІад-хочІ гьавулев вукІана гьев. АскІоре ун, цІекІаб чагъир бегьулеб букІана гьесухъе. 37 – Мун жугьутІазул парччахІ ватани, мунго хвасар гьаве! – ян абулеб букІана. 38 «Гьав вуго жугьутІазул парччахІ» абун греказул, румазул ва жугьутІазул мацІалъ тІад хъвараб хъарщиги букІана гьесул бетІералда тІадехун хІобода чІван. 39 Гьесда цадахъ хъанчида варав цо хъачагъас ГІиса инжит-къабихІ гьавулев вукІана: – Мун МасихІ гурищ? Гьаха, мунгоги нижги хвасар гьаре, – ян. 40 Цогидав хъачагъас, досул кІал къазабун, абуна: – Мун АллагьасукьагІагийищ хІинкъуларев? Дуеги гьебго тамихІлъидал бугеб! 41 Нилъее тамихІ битІун гьабулеб буго, нилъеца гьабуралда рекъон къотІун бугелъул нилъее судги. Амма гьас щибго квешлъи гьабичІо. 42 ГІисадехун гьес абуна: – Я, ГІиса, ПарччахІлъун мун вачІараб мехалъ, дунги ракІалде щва дуда, – ян. 43 ГІисаца гьесда абуна: – ХІакълъун абулеб буго дица дуда: жакъаго дида аскІов алжаналъувин мун вукІине вугев! 44 Къалъулеб гІужалда бакъ ккуна. Къалъудаса лъабго сагІат инегІан тІолабго дуниял бецІлъана. 45 Мукъадасаб Рукъалъул бищунго хирияб рокъоб бигъун букІараб пардав бакьулъа бихъун ана. 46 Цо гучаб гьаракь гьабун ахІана ГІисаца: – Я, дир Эмен! Дуда кодобе кьолеб буго дица дирго рухІ! Гьедин абун хадуб гьесул рухІ босун ана. 47 Гьеб бихьарав Мукъадасаб Рукъ цІунулел рагъухъабазул нусилбетІерас, Аллагьасе рецц гьабун, абуна: – ХІакъикъаталдаги вацІцІадав чи вукІун вуго гьав. 48 Гьеб киналъухъго балагьизе бачІун букІараб тІолабго халкъги, гьениб ккараб жо бихьидал, бухулаго керенгун, тІадбуссун ана. 49 ГІиса лъалев вукІарал киналго гІадамалги Галилеялдаса рахъарал гьесда цадахъ рукІарал руччабиги нахъегІан чІун ралагьун рукІана. 50 - 51 Гьале Ягьудиялъул Ариматея шагьаралдаса Аллагьасул ПарччахІлъиялде хьул лъурав Юсуп абулев цо лъикІав ва ритІухъав чи (тІадегІанаб судалда гьоркьове унев вукІаниги, гьев разилъун вукІинчІо гьелъ гьабураб хІукмуялдаги гьеб тІубазабиялдаги), – 52 Пилатихъе ана ГІисал жаназа кьеян гьаризе. 53 Хъанчидаса бахъун, хІебтил мусрудулъги жемун, кьурулъ бикІун хІадурун букІараб жеги щивниги чи лъечІеб хабалазул нохъода букъула гьесул жаназа. 54 Гьеб букІана рузман къо, тІаде щолеб букІана шамат сордо. 55 Галилеялдаса рахъарал ГІисада цадахъ рукІарал руччабиги ана Юсупида хадур ва гьездаги бихьана гьеб хобги хабалъ гьев лъураб куцги. 56 Цинги тІадруссун рокъоре щведал, ГІисал мусруялда бахине махІгьуинаб нах хІадурана гьез. Къануналда рекъон, шамат къоялъ парахат чІана.

24

1 Анкьил тІоцебесеб къоялъ, цІакъ цудунго рахъун ва цебеккунго хІадурун букІараб махІгьуинаб нахги босун, гьел руччаби ГІисал хабаде ана. 2 Нохъодул хобалъул кІалтІа букІараб гамачІ нахъе гиризабун батана гьезда. 3 Жанире лъугьиндал, ТІадегІанав ГІисал жаназаги батичІо. 4 Гьелда хІикмалъун, хаган гьел рукІаго, гьале гьезда цеве чІана цІакъго кенчІолел гІабаби ретІарав кІиго чи. 5 ХІинкъуца холаго, руччаби бутІрул гІодоре къулун чІедал, доз гьазда абуна: – Хваразда гьоркьов щай нужеца чІагояв чи валагьулев? 6 Гьев гьанив гьечІо. Гьев хваралъуса вахъана. РакІалда бугищ Галилеялда вугеб мехалъго ГІисаца нужеда абулеб букІараб: 7 ГІадамил Лъимералъе къадар бугин гьев мунапикъзабазул кверде кьезе, хъанчида ван хвезавизе ва хун лъабабилеб къоялъ чІаголъизеги. 8 ГІисаца абун рукІарал гьел рагІаби ракІалде щвана руччабазда. 9 Хабалалъа тІадруссун щведал, гьез гьеб хабар бицана ГІисал анцІила цо чапарасдаги ва киналго цогидал муридаздаги. 10 Гьел руччаби рукІана: Магдалаялдаса Марямги, Иоаннаги, Якъубил эбел Марямги ва цогидалги – гьезин бицараб гьеб чапарзабазда. 11 Чапарзабазда ккана гьез гІантал жал рицунел ругилан, ва руччабазда гьал божичІо. 12 Амма Пётр гьебсагІатго векерун ана хабалалъе. Жаниве къулун валагьидал, хІебтил мусру гурони, щибниги батичІо гьесда гьениб ва хІикмалъун тІадвуссун вачІана. 13 Гьебго къоялъ ГІисал кІиго мурид унев вукІана Иерусалималдаса анцІила цо километралъ рикІкІад бугеб Эммаус абулеб росулъе. 14 Кинабго лъугьа-бахъаралъул бицунеб букІана гьез. 15 Гаргадулел, дагІбадулел гьел рукІаго, вачІун ГІиса гьезда цадахъ вилълъине лъугьана. 16 Амма гьезда цебе пардав лъугьун букІана, гьединлъидал ГІиса гьезда лъачІо. 17 Гьес гьикъана гьезда: – Сундул бицунаго нуж рачІунел ругел? Пашманго рачІунел рукІарал гьел кІиялго лъалхъана. 18 Гьезда гьоркьоса Клеопа абун цІар бугес абуна: – Гьал къоязда Иерусалималде рачІаразда гьоркьов цохІо мун ватила гьениб ккараб ишалъул хІакъалъулъ рагІичІев чи. 19 – Сундул хІакъалъулъ? – ан гьикъана гьес. – Назареталдаса ГІисал хІакъалъулъ, – ан абуна гьез. – Гьев вукІана Аллагьасдаги тІолабго халкъалдаги жиндир ишазулги рагІулги хІалкІолъи бихьарав авараг. 20 Цинги нилъер чІахІиял кашишзабазги чІухІби-хІакимзабазги гьесие чІвазе къотІизе хІукму гьабизабуна, ва гьев хъанчида вазе витІана. 21 Вай, нижерни хьул букІана гьев Исраилил халкъ тархъан гьабизе вачІарав чи ватилилан. Амма гьелдалъун лъугІичІо иш: гьале лъабабилеб къо буго гьеб лъугьа-бахъин ккаралдаса. 22 Нижер цо-цо руччабаз бицараб хабаралъ хагазарун руго ниж. Жакъа радал цудунго рахъун ГІисал хабаде ун рукІана гьел. 23 Амма гьезда хабалъ ГІисал жаназа батун гьечІо. Зодисан рещтІун гьенир ратарал малаикзабаз гьев чІаго вугин абунин жидедаян бицине рачІана гьел руччаби. 24 Цо-цо нижералги ун рукІана хабатІе, ва руччабазда батухъе батун буго гьездаги хоб. Амма гьев живго вихьун гьечІо. 25 Гьес гьезда абуна: – Аварагзабаз цебеккунго киналъулго хІакъалъулъ бицун бугониги, гьелда божизе гІураб гІакълуги гьечІел ракІалги хІинцал гІадамал руго нуж! 26 Гьединаб гІазаб-гІакъуба гурищ МасихІица хІехьезе кколеб букІараб, гьедин гурищ МасихІ машгьурлъизе кколев вукІарав? 27 Мусадасан байбихьун цогидал аварагзабиги ракІалде щвезарун, МасихІил хІакъалъулъ Илагьияб ТІехьалда хъван бугебщинаб жо бичІчІизабуна гьес гьазда. 28 Гьанже гьел доб росулъе гІагарлъулел рукІана. Жив дагьавги цевехун ине кколеб ххвел гьабуна гьес. 29 Бакъги щинкІулеб бугин, сордоги тІаде щолеб бугин, жидеда цадахъ чІайилан тІаделъана гьел гьесде. Разилъун гьезда цадахъ рокъове жаниве лъугьана ГІиса. 30 Гьенир кваназе байбихьидал, гьес, тІаде дугІаги гьабун, бекун чед кьуна гьезухъе. 31 Гьебмехалъ борхун ана гьезда цебе букІараб пардав, ва гьезда ГІиса лъана. ГьебсагІат ГІиса гьезда вихьуларевлъун лъугьана. 32 Гьез цинги цоцазда абуна: – Нухда нилъгун кІалъалев ва Илагьияб ТІехьалда бугеб хабар бичІчІизабулев гьев вукІараб мехалъго бухІулеб-бухІулеб букІинчІищ нилъер ракІ? – абун. 33 Рахъун гьебсагІатго Иерусалималде тІадруссун ана гьел. Гьенир ратана анцІила цо чапарги гьезда цадахъ рукІаралги. 34 Гьез бицунеб бугоан хІакъикъаталдаги ТІадегІанав ГІиса чІаголъун вугин ва Симонида гьев вихьунги вугин. 35 Гьазги бицана нухда жидеда цадахъ вачІиналъулги, кванда нахъа бекун чед кьураб мехалъ, жидеда ГІиса лъараб куцалъулги хІакъалъулъ. 36 Гьелъул бицунел гьел рукІаго, тІаде вачІун, ракълида хутІагийилан саламги кьун, рукъ бакьулъ вахъун чІана ГІиса. 37 ХІинкъун, хІал хисун ругел гьезда ракІалде ккана хваразул рухІ бугин гьебилан. 38 ГІисаца гьезда абуна: – Щай нуж рихха-хочулел? Щай нуж щакдарулел? 39 Гьанире ралагье: гьале дир кверал, гьале дир хІатІал. Дун вуго нужеда цеве вахъун чІун. Квер хъван хал гьабе нужецаго. Хваразул рухІалъул рукьбиги рукьбузда гьанги букІунебищ? Дир черхалда бихьулеб бугогури нужеда гьеб. 40 Гьединги абун, жиндирго квералги хІатІалги рихьизаруна ГІисаца гьезда. 41 Рохиялъ хаган, хІикмалъун, божизе захІмалъун гьел ругеб мехалъ, цо щибниги кваназе жо гьечІищ гьанибилан гьикъана ГІисаца. 42 Гьез ГІисахъе бегьана бежараб ччугІил кесек. 43 Босун, гьалги ралагьун, квана ГІисаца гьеб. 44 ГІисаца гьезда абуна: – Мусал къануналдаги цогидал аварагзабазул тІухьдуздагун Туркабазул Хирияб ТІехьалдаги дир хІакъалъулъ хъван бугебщинаб ритІухълъана. Гьедин ккезе бугилан бицун букІана нужеда цадахъ вугеб мехалъ дица. 45 Илагьияб ТІехьалда хъван бугебаб бичІчІуледухъ, гьезул ракІал кантІизаруна ГІисаца цинги. 46 - 47 Гьес абуна: – ХІасил, Илагьияб ТІехьалда хъван буго – МасихІица гІазаб-гІакъуба хІехьезе ккезе бугилан, хун лъабабилеб къоялъ гьев чІаголъизе вугилан ва Иерусалималдасан байбихьун киналго халкъазда, мунагьал чурулев Аллагьасде руссайилан, гьесул вакилзабилъун лъугьун, лъазабизеги бугилан. 48 Гьелъие нугІзал руго нуж. 49 Дир Инсуца нужее рагІи кьун букІарабги битІизе буго дица нужехъе. ТІасан бачІараб хІалкІолъиялъ къвалбазегІан шагьаралда чІа нуж. 50 Иерусалималдаса Бетаниялде рачана ГІисаца гьел. Квералги зодирехун ритІун, баркат лъегиян дугІа гьабуна гьезие ГІисаца. 51 ДугІа гьабулаго дагьа-дагьавккун гьездаса рикІкІалъизе лъугьана ва зобалазде восун ана. 52 Гьесие суждаги гьабун, рохуца холаго Иерусалималде тІадруссана гьел. 53 Цинги, кидаго Мукъадасаб Рокъор чІун, Аллагьасе рецц гьабулеб букІана гьез.