Иоанн

1

1 Бищунго цебе букІана РагІи. РагІи Аллагьасда аскІоб букІана. РагІи букІана Аллагьлъунги. 2 Бищунго цебе гьеб Аллагьасда аскІоб букІана. 3 Гьеб РагІудалъун бижана кинабго. Бижарабщиналъул щибниги бижичІо гьеб гьечІого. 4 Гьелъулъ букІана чІаголъи. Гьеб чІаголъи букІана гІадамазе Нурлъун. 5 Гьеб Нур бецІлъуда кунчІун буго, бецІлъиялда гьеб Нур киданиги къезабизе кІвечІо. 6 Гьале Аллагьас витІун вачІана ЯхІя абулев чи. 7 Гьев вачІун вукІана халкъалда цебе гьеб Нуралъе нугІлъи гьабизе, гьесухъги гІенеккун, киналго гьелда божизелъун. 8 ЯхІя живго Нур вукІинчІо, гьев вачІун вукІана гьеб Нуралъе нугІлъи гьабизе. 9 Гьеб ккола дуниялалде бачІараб хІакъаб Нур. Гьелъ гвангъизавун вуго щивав чи. 10 Гьеб Нур бачІун букІана гьелдалъун жиб бижараб дуниялалде, амма гІаламалда гьеб лъачІо. 11 Жиндирго халкъалъухъе вачІун вукІана Нурлъун вугев чи, жиндирго халкъалъ гьев къабул гьавичІо. 12 Амма жив къабул гьавуразе ва жинда божаразе гьес рес кьуна Аллагьасул лъималлъун рукІине. 13 Лъилниги биялдасан, лъилниги черхалдасан яги бихьинчиясул гьаваялдасан лъугьарал лъималлъун рукІине гуро рес кьураб, Аллагьасул лъималлъун рукІинейин. 14 РагІи инсанлъун лъугьана, баркаталъул ва хІакъабщиналъул цІурав инсанлъун лъугьун, нижеда цадахъ чІана. Нижеда бихьана гьесул кІодолъи – Инсул цохІо вугев Васасул кІодолъи. 15 Гьесул хІакъалъулъин ЯхІяца бицунеб букІараб. ЯхІяца ахІулеб букІана: «Дида хадув вачІунев дидаса гІемерго тІадегІанав кколилан дица бицунеб букІарав чи вуго гьев. Дидасаги цеве вукІиндалин гьев тІадегІанав вугев!» 16 Гьесул баркаталъул гьарзалъиялъин баркаталда хадубги баркат щвараб нижее. 17 Къанун Мусахъ битІун бачІана Аллагьас, баркатги хІакъабщинабги МасихІ ГІисадасан загьирлъана. 18 Аллагь киданиги лъиданиги вихьичІо, амма кидаго Инсудаса ватІалъуларев цохІо вугев Васасдалъун вихьизавуна гьес живго. 19 Иерусалималдаса ягьудияз кашишзабиги левиталги мун щивилан гьикъизе ритІун рачІараб мехалъ, жиндирго хІакъалъулъ нугІлъи гьабун, 20 гьес инкар гьабичІо, гьев мукІурлъана – жив МасихІ гурилан мукІурлъана ЯхІя. 21 Гьедин батани, Иляс аварагищха мунилан гьикъана гьез. Гурилан жаваб кьуна ЯхІяца. Мун аварагищилан гьикъараб мехалъги гурилан абуна гьес. 22 Ахиралда гьез гьикъана: – Щивха мун? Ниж дуда аскІоре ритІарал гІадамазда щибилан нижеца бицинеб? Дуцаго щивлъун мун рикІкІунев? 23 ЯхІяца жаваб кьуна: – Дун вуго, Ишая аварагас абухъе: «БетІергьанасе нух къачІайилан авлахъалда ахІдолев вугев чи!» 24 Гьел рукІана фарисеяз ритІарал гІадамал. 25 Гьез гьикъана: – Мун МасихІги гурев ватани, Илясги гурев ватани, аварагги гурев ватани, гьал гІадамал лъадалъ ччун щайха дуца гьазул мунагьал чурулел ругел? 26 ЯхІяца жаваб кьуна: – Дица нуж, мунагьал чуризе лъадалъ ччун рахъун, рацІцІад гьарулел руго, амма халкъалда гьоркьов вуго цо Чи. Нужеда лъаларо гьев. 27 Дида хадув вачІунев вуго гьев. Гьесул хьитил рухьен бичизецин мустахІикъав гьечІо дун. 28 Гьеб гара-чІвари ккана Иордан гІурул доб рахъалда бугеб Бетаниялда. Гьенир лъадалъ ччун рахъулел рукІана ЯхІяца гІадамал. 29 Нахъисеб къоялъ ГІиса жиндаго аскІове вачІунев вихьидал, ЯхІяца абуна: – Гьале дов – гьаб гІаламалъул мунагь тІаде босун къурбанлъун лъугьине бугеб Аллагьасул КьегІер. 30 Дида хадув вачІунев дидаса гІемерго тІадегІанав кколилан дица бицунеб букІарав чи вуго гьав. Дидасаги цеве вукІиндалин гьав тІадегІанав вугев! 31 Дида лъалароан гьав, Исраилил халкъалъе гьав загьирлъизе гІоло, гьел лъадалъ ччун рахъун рацІцІад гьаризе вачІун вуго дун. 32 ЯхІяца нугІлъи гьабун абуна: – Дида бихьана зобалаздасан Илагьияб РухІ, миккидул сураталда боржун бачІун, гьесухъе рещтІунеб ва гьесулъ хутІулеб. 33 Дида гьебмехалдаги лъачІо гьев. Амма лъадалъ ччун рахъун гІадамал рацІцІад гьаризе дун витІарас дида абуна: «Илагьияб РухІ жиндихъе рещтІунев ва жиндихъ гьеб хутІулев чи вихьила дуда. Гьев ккола Илагьияб РухІалдалъун гІадамал чуризе вачІарав чи». 34 Гьеб дида бихьана, гьединлъидал дица нугІлъи гьабулеб буго гьав Аллагьасул Вас вукІиналъе. 35 Нахъисеб къоялъ ЯхІя жиндирго кІиго муридасда цадахъ вугеб мехалъ, 36 цевесан унев ГІисахъги валагьун, гьес абуна: – Гьале Аллагьасул КьегІер. 37 Гьеб рагІидал ЯхІял кІиявго мурид ГІисада хадур ана. 38 Нахъехун вуссун валагьарав ГІисада гьел жиндаго хадур рачІунел рихьана. – Нужее щиб къваригІун бугеб? – ан гьикъана ГІисаца гьезда. ГІисада гьезги гьикъана: – Я, Рабби! («МугІалим» абураб магІна буго гьеб рагІул.) Дур чІей, яшав киб бугеб? – абун. 39 Жинда хадур рачІани лъалин нужеда гьебилан жаваб кьуна ГІисаца. (СагІат ункъо тІубараб заман букІана гьеб.) Гьел ГІисада хадур гьесул бакІалде ана ва тІубараб къоялъго гьенир чІана. 40 ЯхІяца бицаралъухъ гІенеккун, ГІисада хадур аразул цоясда цІар Андрей букІана. Гьев вукІана Симон Пётрил вац. 41 ТІадвуссун щваравго, Симонги валагьун, Андрейица бицана нижеда МасихІ ватанилан. (Грек мацІалда Христосилан абула гьесда.) 42 Гьес Симон ГІисахъе вачана. Гьесухъ валагьун ГІисаца абуна: – Мун вуго Иоаннил вас Симон. Дуда цІар букІине буго Кефа (грек мацІалда Пётр). 43 Нахъисеб къоялъ Галилеялде ине хІукму гьабуна ГІисаца. Гьес Филипп валагьана ва жинда хадув вачІайилан абуна. 44 Пётрги Андрейги гІадин, Филиппги Бетсаида шагьаралдаса вукІана. 45 Натанаэл валагьун, Филиппица абуна Мусал къануналдаги цогидал аварагзабазул ТІухьдуздаги жиндир хІакъалъулъ хъван букІарав чи ватанин жидедаян. Гьев вугин Назареталдаса Юсупил вас ГІиса. 46 Назареталда сахав чи вахъуневищилан абуна Натанаэлица. Мунго а дов вихьизеян абуна гьесда Филиппица. 47 Натанаэл вачІунев вихьараб мехалъ ГІисаца абуна: – Гьав вуго дов унго-унгояв жугьутІав, жинца киданиги хІилла-рекІкІ гьабуларев. 48 – Дуда дун кисан лъалев? – ан гьикъана Натанаэлица. – Филиппица мун витІилалдего инжиралъул гъотІокь гІодов чІун вихьана дида мун, – ян абуна ГІисаца. 49 Натанаэлица абуна: – Я, Рабби! Мун вуго Аллагьасул Васги, Исраилил халкъалъул ПарччахІги! 50 ГІисаца абуна: – Инжиралъул гъотІокь вихьанилан дица абидалищ дуца диде иман лъураб? Гьелдасаги хІикматал ишал гІемер рихьила дуда. 51 Цоги ГІисаца гьесда абуна: – ХІакълъун абулеб буго дица дуда: дуда зобал кІирикьулел рихьила ва гьенисан ГІадамил Лъимадухъе рачІунел-унел Бичасул малаикзабиги рихьила.

2

1 КІиго къоялдасан Галилеялъул Кана абулеб шагьаралда бертин букІана. ГІисал эбелги йикІана берталъ. 2 Берталъе ахІана ГІисаги гьесул муридалги. 3 Кинабго чагъир гьекъон бахъараб мехалъ, эбелалъ ГІисада абуна берталъ чагъир лъугІун бугилан. 4 ГІисаца гьелда абуна: – Я, дир эбел, дида щай дуца гьеб абулеб бугеб? Дирго иш гьабизе жеги болжал щун гьечІогури. 5 Амма эбелалъ бертадул иш тІубазабулел рукІарал гІадамазда абуна гьас малъараб гьабейилан. 6 Гьениб букІана рацІцІалъизариялъул гІадат тІубазабизе жугьутІаз лъим жанибе тІолеб гамачІ бекІкІун гьабураб анлъго рагІ. Щуго-анлъго къали унаан щибаб рагІалъубе. 7 ГІисаца гьезда абуна гьел рагІал лъадал цІезареян. Симсимун лъадал цІезабуна гьез гьеб анлъабго рагІ. 8 Пурччби цІезарун тамадаясухъе гьебги босун айилан абуна ГІисаца гьел бертадул иш тІубазабулел гІадамазда. Босун щвезабуна гьез гьеб. 9 Тамадаяс гьелъул хІалбихьизе цин жинцаго гьекъана. Чагъир батана гьеб. Амма киса гьеб бачІарабали гьесда лъалароан. Гьеб лъалаан дол гІадамазда. 10 Гьебмехалъ, ахІун аскІовегун, тамадаяс бахІарасда абуна: – Кибгоги берталъ цин лъикІаб чагъир кьола гьекъезе, цинги гІадамал мехтидал, квешабги бахъула цебе. Дуцайин абуни гьанжелъагІан тун букІун буго бищунго лъикІаб чагъир. 11 Гьедин гьениб – Галилеялъул Кана шагьаралда – бихьизабуна ГІисаца тІоцебесеб мугІжизат. Загьирлъизабуна жиндирго къудрат. Муридалги божана ГІисада. 12 Цинги ГІисаги, гьесул эбелги, вацалги ва муридалги Капернаумалде ана. Чанго къо бана гьез гьениб. 13 ЖугьутІазул Пасха тІаде щолеб букІиндал, ГІиса Иерусалималде ана. 14 Мукъадасаб Рокъове лъугьиндал, ГІисада гьенир ратана къурбаналъе хъвезе гІи-боцІиги маккалги ричулел гІадамал, жидерго столазда нахъа гІодор чІун ругоан гІарац хисулел чагІиги. 15 ЦІалаца гІадин квар-гІарщалъ рухулаго гьел гІадамалги гІи-боцІиги къватІире гъуна ГІисаца, гІарац хисулел чагІазул столалги кІалагъоркье чІвазарун, гІарац гІодобе щущазабуна. 16 Маккал ричулел чагІазда гьес абуна: – Нахъе босе гьаб кинабго. Дир Инсул рукъ базаралде сверизабуге, – ян. 17 Гьебмехалъ ГІисал муридазда ракІалде щвана: «Дур рукъалъухъ бергьараб хІасраталъ вухІулев вуго дун», – абун ТІухьдузда хъван бугеб калима. 18 Гьенир рукІарал ягьудияз ГІисада гьикъана: – Дуца кинаб гІаламаталдалъун нижеда бихьизабилеб гьеб киналъего дур ихтияр букІин? 19 ГІисаца гьезие жаваб кьуна: – Нужеца гьаб Мукъадасаб Рукъ биххизабе, цинги лъабго къоялда жаниб дица гьеб цІидасан бала. 20 Гьесие жавабалъе ягьудияз абуна: – Гьаб Мукъадасаб Рукъ базе кІикъоялда анлъго сон къваригІана. Лъабго къоялда жаниб бан бажарилищ духъа гьеб? 21 Гьеб Мукъадасаб Рукъалъул мисалалда ГІисаца бицунеб букІун буго жиндирго черхалъул хІакъалъулъ. 22 ГІиса хваралъуса вахъараб мехалъ ракІалде щвана муридазда гьесул гьел рагІаби. Гьебмехалъ божана гьел ТІухьдузда хъван букІаралдаги ГІисаца жидедаго бицун букІаралдаги. 23 Иерусалималда ГІиса Пасхаялъул байрамалда вугеб мехалъ, гьесдасан загьирлъарал гІаламатал рихьун, гІемерал гІадамал божана гьесда. 24 Амма ГІиса лъиданиги божизе кколароан. Гьел киналго щал кколелали лъалеб букІана гьесда. 25 Пуланав чи гьадинав-додинав вугилан лъицаниги бицинчІониги, жиндаго лъалаан лъида щиб ракІалда бугебали.

3

1 Ягьудиязул чІухІби-хІакимзабазда гьоркьов вукІана цо Никодем абулев фарисеяв. 2 Сардилъ ГІисахъе вачІун, гьес абуна: – Я, Рабби! Нижеда лъала мун Аллагьас нижехъе витІарав МугІалим вукІин. Дуца нижеда рихьизарурал гІадинал мугІжизатал лъиданиги рихьизаризе кІоларо, Аллагьасул квербакъи гьечІони. 3 ГІисаца гьесда абуна: – ХІакълъун абулеб буго дица дуда: цІидасан гьавурасда гурони Аллагьасул ПарччахІлъи бихьизе гьечІо. 4 Никодемица гьесда гьикъана: – КІудияв гІурав чи цІидасан кин гьавулев? ТІадвуссун эбелалъул ургьиве лъугьун, цІидасан чи гьавизе рес бугебищ? 5 ГІисаца жаваб кьуна: – ХІакълъун абулеб буго дица дуда: лъададасан ва Илагьияб РухІалдасан лъугьарав чиясе гурони Аллагьасул ПарччахІлъиялде нух гьечІо. 6 Инсанасул черхалдасан черх лъугьуна, рухІалдасан рухІ лъугьуна. 7 Нуж цІидасан гьаризе кколилан дица абиялда хІикмалъуге. 8 Гьури жиндиего бокьараб рахъалде уна. Дуда гьелъул гьаракь-хъуй рагІула, амма кисан бачІунеб ва кибе гьеб унеб бугебали дуда лъаларо. Гьелда релълъуна РухІалдасан гьавуравщинав чиги. 9 – Гьеб кин лъугьунеб? – ан гьикъана Никодемица. 10 ГІисаца жаваб кьуна: – Мун вуго Исраилил халкъалъул мугІалим. Дуда лъазе ккеларищ гьеб? 11 ХІакълъун абулеб буго дица дуда: нижеца бицунеб буго нижедаго лъалебщинаб ва нижеда бихьарабщиналъе нугІлъи гьабулебги буго. Амма нижер нугІлъиялда нуж божулел гьечІо. 12 Дуниялалъул ишазул хІакъалъулъ бицаралда божулареб мехалъ, зобалазул ишазул бицунилан божилищ нуж? 13 Зобалазде цониги инсан щвечІо, гьениса рещтІарав ГІадамил Лъимер тун батІияв чи. 14 ГІицІаб авлахъалда Мусаца пахьул борохь гІорол тІогьибе бахинабураб гІадин, ГІадамил Лъимерги борхатаб бакІалде вахинавизе вуго, 15 гьесда божаравщинасе абадияб гІумру насиблъиялъе гІоло. 16 Гьаб дуниял Аллагьасе гьедигІанги цІакъ бокьулеб буго: гьес цохІо вугев Вас гьаниве витІана, гьесда божанщинав чи хунгутІизе, гьезие абадияб гІумру насиблъизе. 17 ГІаламалъе судги тамихІги гьабизе витІун гьечІо Аллагьас жиндирго Вас дуниялалде, гьесдалъун гІалам хвасар гьабизе витІун вуго. 18 Гьесда божарасе тамихІ букІине гьечІо, амма божичІезе тамихІ гьанибго гьабун буго, Аллагьасул цохІо вугев Васасда гьел божичІелъул. 19 Дуниялалде Нур бачІиналдалъун гьабуна гьеб суд. Амма гІадамазе Нур бокьичІо, бецІлъи бокьана, гьез гьарулел ишал квешал рукІиндал. 20 Квешлъи гьабулевщинав чиясе Нуралъул канлъи бокьуларо ва канлъуде унаро, гьеб квешлъи къватІибе загьирлъилилан хІинкъун. 21 ЛъикІлъи гьабулев чи канлъуде уна, жинца гьеб лъикІлъи Аллагьасе гІоло гьабураб букІин загьирлъизе. 22 Цинги ГІиса жиндирго муридалгун цадахъ Ягьудиялъул ракьалде ана, гьенив чІун гІадамал лъадалъ ччун рахъулел рукІана гьес. 23 Гьеб заманаялда ЯхІяги вукІана Салималда аскІоб бугеб Эноналда. Лъим гІемераб бакІ букІиндал, гьенир лъадалъ ччун рахъулаан ЯхІяца жиндихъего рачІарал гІадамал. 24 ЯхІя жеги гвандинив тІамилалде заман букІана гьеб. 25 ЯхІял муридазулги цо ягьудиясулги дагІба ккана рацІцІалъизариялъул гІадаталда тІасан. 26 ЯхІяхъе рачІун муридаз абуна: – Я, Рабби! Иорданалъул добцояб рагІалда дуда аскІов вукІарав ва дуца жиндир хІакъалъулъ бицунеб букІарав чиясги лъадалъ ччун рахъулел руго гІадамал. Киналго гьесухъе рачІунел руго. 27 Гьезие жавабалъе ЯхІяца абуна: – Зобалаздасан кьун гьечІони, инсанасе щибниги щоларо. 28 Нужеда рагІанагури добмехалъго дица дун МасихІ гурин, гьесдаса цеве витІарав чи вугилан абулеб. 29 БахІарав вуго бахІаралъул бетІергьан, бахІарасул гьудулин абуни бахІарай ячине гьев вачІинегІан чІезе ккола, ва, гьев вачІунев рагІарабго, вохуца холев вукІине ккола. Гьедин гьанже дунги кутакалда вохун вуго гьев вачІиналдаса. 30 Гьев кІодолъизе ккола, дун гьитІинлъизе ккола. 31 Зобалаздасан вачІарав киназдасаго тІадегІанав вукІуна. Ракьалда вижарав ракьалдаго хутІула, дуниялалъул ишазул хІакъалъулъ букІуна гьесул бицунеб рагІиги. Зобалаздаса вачІарав киназдасаго тІадегІанав вукІуна. 32 Гьес бицунеб буго жиндаго бихьаралъулги рагІаралъулги. Амма гьес бицаралда щивниги божулев гьечІо. 33 Гьесда божарав чияс Аллагь хІакъав вукІин чІезабула. 34 Аллагьас витІарасул кІалдиб буго Аллагьасул калам, БетІергьанас Илагьияб РухІ гьарзаго лъугьинабун бугелъулха гьесулъе. 35 Инсуе вас вокьула ва тІолабго кверщел гьесухъе кьола. 36 Васасда божарав чиясе абадияб гІумру насиблъила. Васасухъ гІенеккичІесда абадияб гІумру бихьиларо, Аллагьасул ццин бахъин тІаса инаро гьесдаса.

4

1 - 3 Фарисеязда рагІана ЯхІяхъеялдаса цІикІкІун гІадамал лъадалъ ччун рахъизе ГІисахъе унел ругилан. (ХІакъикъаталдайин абуни, жинцаго ГІисаца гьабулароан гьеб иш, муридаз гьабулаан.) Гьеб лъайдал ГІиса Ягьудиялдаса тІадвуссун Галилеялде ана. 4 Самариялъул ракьалдасан ине кколаан гьел. 5 Якъуб аварагас жиндирго вас Юсупие кьураб хуралда аскІоб бугеб Сихар абулеб Самариялъул цо шагьаралде щвана. 6 Якъубилго букІараб цо гъуялъухъе щведал, сапаралда свакарав ГІиса гьенив гІодов чІана. Гьеб букІана къалъул гІуж. 7 Цо самарияй ячІана гъуялъуса лъел цІезе. – Гьекъезе лъим кье, – ян абуна гьелда ГІисаца. 8 (Гьесул муридал квен-тІехалда хадур шагьаралде ун рукІана.) 9 Самариялъ гьесда абуна: – Мун жугьутІавлъидал, дуца дида – Самариялъул гІаданалда – лъим гьаризе бегьилищ? (ЖугьутІазги самариязги хІатта цо гулгун-парччиялъусан лъимцин гьекъолароан.) 10 ГІисаца гьелда абуна: – Аллагьасдасан насиблъулеб сайигъатги лъалебани ва лъим кьейилан дуда гьарулев вугев чи щивалиги лъалебани, дуцаго гьарилаан гьесда лъим кьейилан, ва гьес дуе кьелаан чІаголъиялъул лъим. 11 Гьей гІаданалъ ГІисада абуна: – Я, бетІерчІахъад, духъ гел гьечІогури, гьаб гъуйги гъваридаб буго. Киса дуе чІаголъиялъул лъим щвезе бугеб? 12 Нилъер кІудияв эмен Якъубидасаги кутакав чийищха мун? Гьесдасан нижее ирсалъе хутІараб гьаб гъуялъуса лъим гьесги гьекъолаан, гьесул лъималазги гьекъолаан, гьесул боцІи-панзалъги гьекъолаан. 13 ГІисаца абуна: – Гьаб гъуялъуса лъим гьекъарав чи нахъеги къечола. 14 Амма дица кьураб лъим гьекъарав чи абадул абадиялъ къечезе гьечІо. Дица кьураб лъим гьесул рекІелъ иццлъун лъугьина. Гьеб иццул лъадал чвахиялъ абадияб гІумру насиблъизабула. 15 Гьей гІаданалъ ГІисада абуна: – Дие кье, бетІерчІахъад, гьеб лъим. ТІокІай дун киданиги къечеларо ва гьание лъел цІезе ячІине ккеларо. 16 Дурго росги вачун ячІайилан абуна ГІисаца гьелда. 17 Жиндир рос гьечІилан абуна гьелъ. ГІисаца гьелда абуна рос гьечІилан абураб рагІи дур битІараб бугилан. 18 Щуго рос вукІана дур. Амма гьанже вугев чи дур рос кколаро, гьеб цІакъ битІун абуна дуца. 19 Гьей гІаданалъ абуна: – Мун авараг вукІин бихьулеб буго, бетІерчІахъад, дида. 20 Нижер умумул гьаб магІарде рахунаан Аллагьасе тІагІат-гІибадаталъе. Нужер жугьутІаз абулеб буго тІагІат-гІибадаталъе Иерусалималде рачІине кколилан. 21 – Мун дида божа, – ян абуна ГІисаца гьелда. – Цо заман бачІина Инсуе суждаялда чІезе я гьаб магІарде рахине кколареб, я Иерусалималде ине кколареб. 22 Нужеда лъаларо лъие нужеца сужда гьабулеб бугебали. Нижер жугьутІазда лъала лъие сужда гьабулеб бугебали, гІаламалъе хвасарлъи жугьутІазда гьоркьосан бачІунелъул. 23 Цо заман бачІина хІакълъунго Аллагьасда божулел гІадамаз хІакъаб нухдасан ун, Илагьияб РухІалдалъун Инсуе сужда гьабулеб. БачІунго буго гьединаб заман. Гьединал божулел чагІи ралагьулел руго нилъер Инсуца. 24 Аллагь – гьев ккола РухІ. Гьединлъидал хІакъаб нухдасан ун, РухІалдалъун гьабизе ккола гьесие сужда. 25 Гьей гІаданалъ абуна: – Дида лъала Христосилан абулев МасихІ вачІине вукІин. Гьев вачІараб мехалъ, гьес бицина нижеда кинабго. 26 ГІисаца гьелда абуна: – Гьанив дуда кІалъалев вугев дун ккола гьев. 27 Гьебмехалъ тІаде щварал ГІисал муридал гІажаиблъана самариялда гаргадилев гьев ватидал. Амма гьесда лъицаниги гьикъичІо щиб дуе къваригІун букІарабилан, щиб бицун мун гьелда гаргадулев вугевилан. 28 ГІеретІги гьениб тун, шагьаралдеги ун, дой гІаданалъ гІадамазда абуна: 29 – Рилълъа, нужедаго цо чи вихьизе. Гьес бицана дир гІумруялда жаниб ккарабщинаб жо. МасихІцин гуродай дов? 30 Гьев вихьизе ине къватІире рахъана шагьаралъул гІадамал. 31 Гьел тІаде щвелалде, муридаз ГІисада абуна: – Кванай, МугІалим, – ан. 32 Гьес гьезда абуна: – Нужеда лъалареб квен буго дихъ, – ан. 33 Цо лъицаниги квенциндай гьасие бачІарабилан гаргадизе лъугьана гьел. 34 ГІисаца гьезда абуна: – Дир квен ккола дун витІарав Аллагьасул амру тІубазаби ва гьесул иш рагІалде бахъинаби. 35 Нужеца абила хур лъилъизе жеги ункъониги моцІ хутІун бугилан. Гьале дица нужеда абулеб буго: лъикІго бер щвезабе хурзабахъе, хІалухъен тІогьиллъун буго ва гьеб лъилъизе заман щун буго! 36 Лъилъарухъанасе лъикІаб мухьги щвела ва абадияб гІумруялъе бачІинги бакІарила. Бекьаравги лъилъаравги – кІиявго – вохила гьелдаса. 37 ЦІакъ битІараб кици буго, цояс бекьулин, цогидас лъилъулин абураб. 38 Дица нуж ритІула нужецаго бекьичІеб хур лъилъизе. Цогидаз захІмат баччун гІезабураб хІалухъеналдаса пайда босула нужеца! 39 Жиндир гІумруялда жаниб ккарабщинаб жо лъанин гьесдайилан дой гІаданалъ бициндал, гьеб шагьаралдаса гІезегІанго самариял божана ГІисада. 40 Гьесда тІаде щведал, самарияз ГІисада гьарана жидер шагьаралда чІайилан. КІиго къо бана гьес гьениб. 41 ГІисал рагІабазухъ гІенеккидал, дагьалги цІикІкІана гьесда божулел гІадамал. 42 Гьез дой гІаданалда абуна дуца бицаралдалъун гурин ниж гьанже божарал, нижедаго рагІаралдалъун божанилан ва хІакълъунго гІалам хвасар гьабизе вачІарав чи гьев вукІиналда ракІги чІанилан. 43 КІиго къоялдасан ГІиса гьениса Галилеялде ана. 44 ГІисаца абун букІана жиндирго инсул ракьалда аварагасул къадру-къимат гьабуларилан. 45 Амма Галилеялде щведал, роха-хинлъун къабул гьавуна ГІиса гІадамаз. Гьелги рукІиндал дора Иерусалималда доб байрамалда, гьездаги рихьидал дора гьесдасан загьирлъарал мугІжизатал. 46 Нахъеги ГІиса ана гьес лъим чагъиралде сверизабураб Галилеялъул доб Кана шагьаралде. Гьенив вукІана парччахІасул хІакимлъун вугев цо чи. Гьесул вас вукІана Капернаум шагьаралда захІматго унтун. 47 ГІиса Ягьудиялдаса Галилеялде тІадвуссун вугилан рагІидал, гьесда аскІове вачІана дов чи, хвалде ккун унтун вугев жиндир вас сахлъизавизе жинда цадахъ Капернаумалде вилълъайилан гьаризе. 48 ГІисаца гьесда абуна: – МугІжизаталги гІаламаталги рихьизаричІони, божуларел гІадамал руго нуж! 49 ПарччахІасул хІакимас гьесда абуна: – Я, бетІерчІахъад, дир вас хвелалде вилълъа. 50 ГІисаца гьесда абуна: – Дурго рокъове а гьанже. Дур вас хвезе гьечІо, – ян. ГІисал гьеб рагІудаги божун, нахъе ана гьев чи. 51 Нухдаго данде ккана вас сахлъанилан бицине рачІунел рагьтІателал. 52 Кида гьев сахлъаравилан гьас гьикъидал, рагьтІателаз абуна къалъудаса сагІат араб мехалъ васасул цІа-кан бичанилан. 53 ХІисаб гьабураб мехалъ, битІун гьеб заманаялда абун батана ГІисаца гьесда дур вас хвезе гьечІилан. Гьелдаса нахъе гьесги гьесул рукъалъул агьлуялъги иман лъуна. 54 ГІиса Ягьудиялдаса Галилеялде тІадвуссаралдаса хадуб загьирлъараб кІиабилеб мугІжизат букІана гьеб.

5

1 Гьелдаса хадуб жугьутІазул цо байрамалде Иерусалималде вачІана ГІиса. 2 Иерусалималъул «ГІиял кавудахъ» буго жугьутІазул мацІалда Бетцата абулеб цо хІавуз. ЧІахІиял хІубалги чІван гьабураб щуго рагъиги буго гьеб хІавузалда сверун. 3 Гьел рагъабазда регун рукІунаан унтаралги, бецалги, рекъалги, палижалъ ккуралги гІемерал гІадамал. 4 - 5 Гьенив вукІана лъебералда микьго соналъ унтарав цо чи. 6 ГІисадаги вихьана гьев. Халат заманаялъ унтарав чи гьев вукІин лъайдал, ГІисаца гьесда гьикъана сахлъизе бокьилищилан. 7 Унтарас жаваб кьуна: – Я, бетІерчІахъад! Лъим гьелчараб мехалъ, дун хІавузалъуве вегьизе чи гьечІо дида цадахъ. Дунго гьениве лъугьинилан кида тІаде ворханиги, цогидав ккун ватула дидаса цеве. 8 ГІисаца гьесда абуна: – ТІаде вахъа! Дурго турутги босун, рокъове а, – ян. 9 ГьебсагІатго сахлъана гьев чи. Жиндирго турутги босун унев вукІана. Гьеб букІана шамат къо. 10 Гьединлъидал ягьудияз гьесда абуна жакъа шамат къоялъ дуца турут кодоб ккун баччизе бегьуларилан. 11 Жив сахлъизавурав чияс турутги босун айилан абунин жиндайилан жаваб кьуна гьес. 12 – Турутги босун айилан лъица дуда абураб? – ан гьикъидал, 13 жаваб кьун бажаричІо гьесухъа. Гьесда лъалеб букІинчІо дов щивали. Гьенир рукІарал гІадамазул руккалилъе лъугьун ун вукІана ГІиса гьебмехалъ. 14 Цинги ГІисада гьев чи Мукъадасаб Рокъов ватана. – Гьелеха, сахлъун вуго мун гьанже, – ян абуна гьесда ГІисаца. – Мунагьалдаса цІунун чІа гьанжеялдаса нахъе, дагьабги квешаб ккезе гурин дуе. 15 Инеги ун ягьудиязда бицана гьес ГІисаца сахлъизавунин живилан. 16 Гьелдаса хадуб, шамат къоялъ гьединаб иш гьабунилан, ГІисае рахІат толеб букІинчІо ягьудияз. 17 ГІисаца гьезда абуна: – Дир Инсулги гьечІо чІараб сагІат, дунги гьесда релълъун вуго. 18 Шамат къоялъул къанун хвезабураб гІечІого, гьес Аллагь жиндирго эменлъун рикІкІунев вугилан, Аллагьасда живго ващалъизавулевги вугилан, гьез гьанже дагьабги цІикІкІун хІаракат бахъулеб букІана ГІиса чІвазе. 19 Гьелда дандеги ГІисаца абуна: – ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: живго лъикІав лъугьун Васасда щибниги гьабизе кІоларо, Инсуца гьеб иш гьабулеб гьесда бихьулеб гьечІони. Инсуца гьабураб гьабула Васасги. 20 Инсуе вас вокьула, ва Инсуца гьесдаги рихьун гьарула жиндирго киналго ишал. Дагьалги кІудиял ишал рихьизарила Инсуца гьесда, гьебмехалъги гІажаиблъила нуж. 21 Инсуца гІадамал хваралъуса рахъинарун, чІаголъизарулел гІадин, Васасги чІаголъизарула жиндиего чІаголъизаризе бокьарал чагІи. 22 Инсуца лъиениги суд гьабулеб гьечІо, суд гьабизе ихтияр гьес Васасухъе кьун буго. 23 Инсуе бокьун бугелъул Жиндирго гІадаб къадру-къимат гІадамаз васасулги гьабизе. Васасул къадру-къимат гьабуларев чияс гІаламалъухъе гьев витІарав Инсулги къадру-къимат гьабизе гьечІо. 24 ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: дир рагІухъ гІенеккарав ва дун витІарав Аллагьасда божарав чиясе абадияб гІумру насиблъула, суд гьабичІого, тамихІ гьечІого ворчІана гьев хваразулъа чІагоязулъе – абадияб гІумруялъулъе. 25 ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: Аллагьасул Васасул гьаракь хвараздаги рагІулеб ва гьеб рагІараб мехалъ гьел тІаде рахъунеб заман бачІина, бачІунго буго гьединаб заман. 26 Инсухъ буго инсанасда рухІ лъезабиялъул кверщел. Гьес Васасухъеги кьун буго инсанасда рухІ лъезабизе кверщел. 27 Суд гьабизеги ихтияр кьун буго Васасе – гьев ГІадамил Лъимер вугелъул. 28 Нуж хІикмалъуге гьелда, киналго хабалъ ругезда Аллагьасул Васасул гьаракь рагІулеб заман бачІине буго: 29 лъикІлъиялда хьвадаразе, хваралъуса рахъиндал, гІумру насиблъила, квешлъиялда хьвадаразе, хваралъуса рахъиндал, тамихІ насиблъила. 30 Дунго лъикІав лъугьун дида щибниги гьабизе кІоларо. Аллагьасухъ гІенеккун гьабулеб буго дица суд. Дир судги ритІухъаб буго, – диего бокьухъе гурелъул дица суд гьабулеб бугеб, дун витІарав Аллагьасе бокьухъелъидал. 31 Дицаго диего гьабулеб нугІлъи – гьеб кьучІаб букІинаро. 32 Амма вуго дир хІакъалъулъ бицунев цоги НугІ. Дида лъала дир хІакъалъулъ Гьесул нугІлъи кьучІаб бугеблъи. 33 Дир хІакъалъулъ цІехезе нужеца ЯхІяхъе гІадамал ритІун рукІанагури. РитІухъаб нугІлъи гьабуна гьесги. 34 ГІадамазул нугІлъи къваригІарав чи гуро дун. Нуж хвасарлъизе гІоло бицунеб буго дица гьелъул. 35 ЯхІя вукІана гІадамазе бакараб ва канлъи кьолеб чирахъ гІадинав чи. Цо дагьабго заманаялъ гьелъул канлъиялдаса рохизе бокьун букІана нужее. 36 ЯхІяца гьабураб нугІлъиялдасаги кІудияб нугІлъи буго дихъ, нуж божизаризе кІолеб. Дица тІуразареян Инсуца дида тІадкъарал ва гьанже дица тІуразарулел ругел ишаз жидецаго нугІлъи гьабула дир хІакъалъулъ. Дун Инсуца витІун вукІиналъе нугІлъи гьабула гьез. 37 Дун витІарав дир Инсуцаги нугІлъи гьабулеб буго дие пайдаялъе. Нужеда лъиданиги я рагІичІо, я вихьичІо гьев киданиги. 38 Гьесул рагІиги нужер рекІелъ хутІуларо, гьес витІарасда божулел гьечІелъул. 39 Нужеца ТІухьдул цІалула, гьелдалъун нужее абадияб гІумру насиблъилилан ракІчІун бугелъул. Гьеле гьел ТІухьдузги нугІлъи гьабула дир хІакъалъулъ. 40 Абадияб гІумру насиблъизе букІине дихъе рачІине кинго бокьулеб гьечІо нужее. 41 ГІадамазул рецц-бакъ къваригІарав чиги гуро дун. 42 Амма дида нуж лъала ва нужер рекІелъ Аллагьасде рокьи гьечІеблъиги лъала. 43 Дир Инсуца витІун вачІарав дун нужеца къабул гьавулев гьечІо. Живго вахъун цо пуланав чи вачІани, нужеца гьев къабул гьавила. 44 Цоцазул рецц бокьулел нуж гІадинал гІадамаз иман лъелищ, цохІо Аллагьасдасан щолеб баркат тІалаб гьабулеб гьечІелъул нужеца. 45 Амма нужеда ракІалде ккоге Инсуда цере дица нужеда гІайиб чІвалилан. Сундулго рахъалъ нужеца хьул гьабулев Мусацагицин гІайиб чІвала нужеда. 46 ХІакълъун нуж Мусада божулел рукІаралани, дидаги божилаан нуж. Гьесги хъван тун букІиндалха нужее дир хІакъалъулъ. 47 Гьес хъваралда божуларел нуж, дица бицаралда божилищ?

6

1 Цо заманаялдасан ГІиса Галилеялъул (Тибериадаялъул) ралъдал добцояб рахъалде ана. 2 ГІемераб халкъ бачІана гьесда хадуб гьенибеги, унтарал сахлъизарун гьесдасан загьирлъарал мугІжизатал рихьулел рукІиндал. 3 ГІиса цо магІарде вахана ва жиндирго муридазда цадахъ гьенив чІана. 4 ЖугьутІазул Пасхаялъул байрам тІаде щолеб букІана. 5 Сверухъ валагьидал, гІемераб халкъ жинда аскІобе бачІунеб бихьун, ГІисаца Филиппида гьикъана гьавгощинав чи кваназавизе чед кисадай нилъеца босилебан. 6 (Филиппил хІалбихьизе гьикъана ГІисаца гьедин. Гьесда лъалеб букІана щиб гьабилебали.) 7 Филиппица абуна кІинусго динаралде босараб чедгицин гІеларин гьал гІадамал кваназаризе, кигІан гьитІинаб мочІу кьуниги. 8 Симон Пётрил вац Андрейица абуна ГІисада 9 гьаниб цо васасухъ бугин пурчІинадул ханждал щуго чедги кІиго гьитІинабго ччугІаги, амма гьаб халкъалъе гьеб кисайин гІелебилан. 10 ГІисаца абуна гьел киналго гІодор чІезарейилан. ЦІакъ хер керчаб бакІ букІана гьеб. Гьенир харда тІад гІодор чІана щуазаргогІанасев бихьинчи. 11 ГІисаца чед цебе босана, тІаде дугІаги гьабун, бек-бекун бикьана кваназе гІодор чІарал гІадамазе. БокьарабгІан чедги ччугІаги щвечІев чи хутІичІо гьенив цониги. 12 Киналго гІорцІараб мехалъ, ГІисаца муридазда абуна, гІадада хвезе течІого, кванан хутІарал чадил кескал ракІарейилан. 13 ПурчІинадул ханждал щуго чадил нахъе хутІун ратана анцІила кІиго гьегь цІурал кескал. 14 ГІисадасан загьирлъараб гьеб мугІжизат бихьидал, гІадамаз абуна: – ХІакълъунго гьав чи вуго дуниялалде вачІине кколев вукІарав авараг. 15 Ккун вачун, гьез жидерго парччахІлъун гьавизехъин вукІин лъайдал, ГІиса нахъеги магІарде ана, щивниги цадахъги вачинчІого. 16 Бакъанимехалъ муридал ралъдал рагІалде ана. 17 Росодаги рекІун, гьел ралъдал добцояб рахъалда бугеб Капернаумалдехун ралагьун ана, дуниял рукІкІунеб мехалъги ГІиса вачІинчІелъул. 18 Ралъдада кутакаб гьури пуйзе байбихьана. 19 Гьедин рагІалдаса щуго-анлъго километралъ жанирегІан щвараб мехалъ, лъеда тІасан вилълъун вачІун росода аскІове щолев вихьана гьезда ГІиса. ГІасиго хІинкъана гьел. 20 – ХІинкъуге, дун вуго, – ян абуна ГІисаца гьезда. 21 Гьевги росониве лъугьинавизе бокьун букІана гьезие, амма гьебсагІатго раса ралъдал рагІалде щун батана. 22 Ралъдал добаб рагІалда хутІун рукІарал гІадамаз нахъисеб къоялъ бицана, нолъ гьаниб цо гурони расаги букІинчІин, жиндирго муридазда цадахъ ГІиса росода рекІуневги вихьичІин, гьесул муридал жалго анин. 23 Тибериадаялдаса, русбузда рекІун, гІемерал гІадамал рачІана, тІаде дугІаги гьабун, ГІисаца чед гІемерлъизабураб бакІалде. 24 Амма гьенир я ГІиса, яги гьесул муридал ратичІеб мехалъ, русбуздаги рекІун, Капернаумалде ана гьел, ГІиса валагьизе. 25 Ралъдал добцояб рагІалда гьев ватараб мехалъ: – Я, Рабби, мун кин гьаниве вачІарав? – ан гьикъана гьез. 26 ГІисаца гьезда абуна: – ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: дир мугІжизатал ричІчІидал гуро нуж гьанире рачІун ругел, доб чед кванан, гІорцІидал рачІун руго. 27 ТІагІунеб-холеб квен тІалаб гьабичІого, нужеца тІалаб гьабе абадияб гІумруялде нуж рачине бокьун ГІадамил Лъимаца нужее кьолеб бугеб тІагІунареб-холареб квен. Жиндирго Инсул – Аллагьасул баркаталъул мугьру буго ГІадамил Лъимада. 28 Аллагь разилъизе жидеца щиб гьабизе кколебилан гьикъана гьез ГІисада. 29 ГІисаца жаваб кьуна: – Аллагь разилъизе нуж божизе ккола гьес нужехъе витІарав чиясда. 30 – Ниж дуда божулеб кинаб гІаламат дуца нижеда бихьизабилеб? Щиб дуда гьабизе кІолеб? – ан гьикъана гьез ГІисада. 31 – ГІицІаб авлахъалде ккедал, нилъер умумуз кваналаан зобалаздасан рещтІараб нигІмат. «Зобалаздасан рещтІинабун чед кьуна гьес гьезие», – абун хъван буго гьелъул хІакъалъулъ. 32 ГІисаца абуна: – ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: Мусаца гуро нужее зобалаздасан чед кьураб, амма дир Инсуца нужее кьолеб буго унго-унгояб зобалазулаб чед. 33 Аллагьасдасан бачІараб чед ккола зобалаздасан рещтІараб ва гІаламалъе чІаголъи кьолеб чед. 34 Гьез абуна: – Я, БетІерчІахъад, кидаго кье гьединаб чед. 35 ГІисаца абуна: – Дун вуго гьеб чІаголъи кьолеб чед. Дихъе вачІарав киданиги вакъизе гьечІо, дида божарав киданиги къечезе гьечІо. 36 Амма дица нужеда абичІищ, гІаламат бихьаниги, нуж дида божун гьечІилан. 37 Инсуца дихъе кьуравщинав чи дихъе вачІина, дихъе вачІарав цониги чи дица нахъе гъеларо. 38 Диего бокьараб гьабизе гурелъул дун зобалаздасан вачІун вугев, дун витІарав Аллагьасул амру тІубазабизелъидал. 39 Гьесул амру буго духъе кьуразул цонигияв вилизе-тІагІине виччагейилан. Къиямасеб къоялъ дица гьев чІаголъизавизе ккола. 40 Дир Инсуе бокьун буго Вас вихьаравщинав ва гьесда божаравщинав чиясе абадияб гІумру насиблъизе. Къиямасеб къоялъ дица гьев чІаголъизавизе вуго. 41 Ягьудиял ГІисаде ццин бахъун гаргадизе лъугьана жив зобалаздасан бачІараб чед кколин абунин гьесилан. 42 Гьез цоцазда абулеб букІана: – Юсупил вас ГІиса гурищ гьав чи? Нилъеда лъикІго лъалагури гьасул эменги эбелги. Гьале жив зобалаздасан вачІанилан вуго. 43 – Щай нуж ццин бахъун гаргадулел? – ан абуна ГІисаца гьезда. 44 – Цониги чи дида аскІове вачІине рес гьечІо, дун витІарав дир Инсуца гьев дихъе щвезавичІони. Дица гьев къиямасеб къоялъ чІаголъизавизе ккола. 45 Аварагзабазул ТІухьдузда буго: «Гьезда киназдаго Аллагьас малъила», – ян. Дир Инсуца малъараб босаравщинав чи дида аскІове вачІуна. 46 Дица абулеб гьечІо Эмен лъиданиги вихьанилан. Аллагьасдасан вачІарасда гурони, цо лъиданиги вихьичІо Эмен. 47 ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: иман лъурасе абадияб гІумру буго. 48 Дун вуго чІаголъи кьолеб чед. 49 Нужер умумуз доб гІицІаб авлахъалда квана зобалаздасан рещтІараб нигІмат, амма гьел хвана. 50 Гьанже зобалаздасан рещтІун буго гьеб кварав чи киданиги холареб чед. 51 Дун вуго зобалаздасан рещтІараб ва чІаголъи кьолеб чед. Гьеб чед кварав чи абадул абадиялъ чІаго вукІина. Дица гьесие кьезе бугеб чед – гьеб буго гьаб гІалам чІаго букІине гІоло кьезе бугеб дир Черх. 52 Гьебмехалъ ягьудиязда гьоркьоб кІудияб дагІба ккана жиндирго черх кинин гьас нилъее кваназе кьолебилан. 53 ГІисаца гьезда абуна: – ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: ГІадамил Лъимадул Черхги квинчІони, гьесул Биги гьекъечІони, нужер гІумру букІине гьечІо. 54 Дир Черхги кварав, дир Биги гьекъарав чиясе абадияб гІумру буго. Къиямасеб къоялъ дица гьев чІаголъизавила. 55 Дир Черх буго хІакъаб квен, дир Би буго хІакъаб жа. 56 Дир Черх кванарав ва дир Би гьекъарав чи дилъ вукІине вуго, дунги гьесулъ вукІине вуго. 57 Щайгурелъул ЧІагояв Эмен – Аллагьас витІарав дун гьесдалъун чІаго вугев гІадин, дир Черх кванарав чи дидалъун чІаго вукІина. 58 Гьеле гьединаб буго зобалаздасан рещтІараб чед. Нужер умумуз кванана чед ва гьел хвана. Амма гьаб чед кванарав чиясе абадияб гІумру буго. 59 Гьеб хабар ГІисаца бицана Капернаумалъул синагогаялъуб. 60 Гьеб рагІидал, ГІисал гІемерисел муридаз цоцазда абуна: – Гьединаб жо букІине рес гьечІо! Лъица гьеб къабул гьабилеб? – ан. 61 Жиндир хабаралъ муридал гьедин гаргадизе тІамун рукІин лъайдал, ГІисаца гьезда абуна: – Гьадаб дир хабаралъ къварид гьарун ругоха нуж. 62 Цеве живго вукІараб бакІалде ГІадамил Лъимер тІадвуссун унев вихьараб мехалъ щибдай нужеца абилеб? 63 РухІалъ кьола чІаголъи. Амма инсанасул мунагьаб напсалъ чІаголъи кьоларо. Дир рагІабазулъан бачІуна нужехъе рухІги чІаголъиги. 64 Амма нужеда гъорлъ руго гьелда божуларелги. (ГІисада цебеккунго лъалаан щив жинда божулев гьечІевали, щив жиндие хилиплъилевали.) 65 ГІисаца абуна: – Гьединлъидал гурищ цебеги дица нужеда абураб, лъиданиги кІоларин дихъе вачІине, дир Инсуца гьелъие рес рекъезабичІони. 66 Гьелдаса хадур гІемерисел муридал нахъе ана ва тІокІал гьесда хадур инчІо. 67 Гьебмехалъ анцІила кІиявго муридасда гьикъана ГІисаца нужееги нахъе ине бокьун гьечІебищилан. 68 Симон Пётрица абуна: – Я, БетІерчІахъад, лъихъе ниж инел? Дуцалъидал рицунел ругел абадияб гІумру насиблъулел рагІаби. 69 Ниж божана ва нижеда бичІчІана мун Аллагьасул мукъадасав илчи вукІин. 70 ГІисаца абуна: – Дицалъидал нужер анцІила кІиявго чи тІаса вищарав. Амма нужеда гьоркьов цо илбисги вугевха! 71 Гьес гьедин абулеб букІана Симонил вас Ягьуда Искариотил хІакъалъулъ. АнцІила кІигоясда гьоркьов вукІаниги, гьев хилиплъизе хъван букІана.

7

1 Гьелдаса хадув ГІиса Галилеялъул росабалъе ва шагьаразде хьвадана. Ягьудиялде ине гьесие бокьичІо, – гьев чІвазе хІаракат бахъулеб букІиндалха ягьудияз. 2 ЖугьутІазул Хъощал раялъул байрам тІаде щолеб букІана. 3 Жиндирго вацаз ГІисада абуна: – Гьаниса вахъун Ягьудиялде а дуца гьарулел ишал дурго муридаздаги рихьизе. 4 Гьунар бугев чияс гьеб бахчуларо, гІадамазда бихьизабула. Гьединал хІикматал ишал гьаризе бугеб дурго гьунар гІаламалдаго бихьизабе. 5 (Жиндирго вацалгицин божулел рукІинчІо ГІисада.) 6 ГІисаца гьезда абуна: – Дир заман жеги тІаде щун гьечІо, амма нужее бокьараб заман данде ккола. 7 ГІаламалда нуж рихине рес гьечІо, амма дун гІаламалда рихун вуго. Дица нугІлъи гьабулеб бугелъул гІаламалъулго квешал ишазе. 8 Байрамалде а нужго. Амма гьеб байрамалде дун вачІинаро, дир заман жеги тІаде щун гьечІо. 9 Гьедин гьездаги абун, ГІиса Галилеялдаго чІана. 10 Амма вацал байрамалде индал, гІадамазда вихьиларедухъ, балъгого ГІисаги вахъана гьезда хадув къватІиве. 11 Ягьудияз ГІиса валагьулев вукІана гьеб байрамалда. – Дов чи кивдай вугев? – ан гьикъулеб букІана гьез. 12 ГІадамазул руккалилъги гІемер бицунеб букІана гьесул хІакъалъулъ. ЛъикІав чи вугилан цояз абулеб букІана, гІадамал махсароде кколев чи вугилан цогидаз абулеб букІана. 13 Амма балъго-гІатІго гурони ГІисал цІар бахъизе ягьудиязул чІухІби-хІакимзабазукьа хІинкъулел рукІана гьел. 14 Байрамалъул чанго къо индал, ГІиса Мукъадасаб Рокъове лъугьун вачІана ва вагІза-насихІат гьабизе байбихьана. 15 Лъиданиги аскІове ун гІелму лъазабичІев чиясда ТІухьдузда бугеб кисандай лъанаян хІикмалъун рукІана ягьудиял. 16 ГІисаца гьезда абуна: – Гьаб гІелму дир гуро, дун витІарав Аллагьасул буго. 17 Аллагьасул амру тІубазабизе бокьарав чиясда лъала гьаб гІелму дицаго ургъун бахъарабищ яги Аллагьасдасан бачІарабищали. 18 Жинцаго ургъун бахъарабгун цеве вахъунев чиясул мурад букІуна жиндиего цІар-рецц гьаби. Жив витІарасе цІар-рецц гьабизе бокьарав чи ритІухъав вукІуна, гьереси гьесул букІунаро. 19 Мусаца гурищ нужее къанун тараб? Амма нужер цонигияс цІунулеб гьечІо къанун. Щай нужеца дун чІвазе къасд гьабулеб бугеб? 20 ГІадамаз ахІулеб букІана: – Мун жундуз ккун вуго. Мун чІвазе къасд гьабулев чи щив вугев? – ан. 21 ГІисаца абуна гьебмехалъ: – Дица цохІо мугІжизат бихьизабуна, нуж киналго абуни жеги-жеги гьелда гІажаиблъун руго. 22 Мусал къануналъ малъулеб буго сунат гьабеян. (Гьебги Мусадасан бачІараб гІадат гуро, гьесде щвезегІанго умумузул букІараб буго.) Шамат къоялъги гьабулагуриха нужеца сунат. 23 Мусал къануналъ изну кьола нужее шамат къоялъцин сунат гьабизе. Шамат къоялъ чи дица тІуванго сахлъизавунилан щай нуж диде ццидалъ ругел? 24 ТІасан балагьун кьоге къимат, хІакъикъатги цІехон кье. 25 Гьебмехалъ Иерусалималдаса цо-цо гІадамаз абуна: – ЧІухІби-хІакимзабаз чІвазе валагьулев вугев чицин гурищ гьадав? 26 Балагье, халкъалда цеве вахъун кІалъалев вуго, лъицаниги щибниги абулебги гьечІо гьесда. ЧІухІби-хІакимзабазда лъалеб батила хІакъикъаталдаги дов МасихІ вукІин. 27 Амма нилъеда лъалагури дов кисаяли. ХІакъикъияв МасихІ вачІараб мехалъ, лъиданиги лъалеб рагІуларо гьев кисаяли. 28 Мукъадасаб Рокъоб вагІза-насихІат гьабулаго, ГІисаца халкъалде ахІана: – Нужеда дун лъала. Дун кисаялиги лъала. Амма дунго лъикІав лъугьун вачІарав чи гуро дун, хІакъав Аллагьас витІана дун. Нужеда Гьев лъаларо. 29 Амма дида лъала Гьев: Гьесда аскІоса вачІана дун. Гьес витІана дун. 30 Гьебмехалъ ГІиса кквезейилан лъугьана гьел, амма лъиданиги кІвечІо гьесда квер хъвазе. Гьелъие болжал щун букІинчІо. 31 Халкъалъул руккалилъ рукІаразул гІемерисел божана ГІисада. Гьез абулеб букІана: – МасихІ вачІараб мехалъ, гьесгицин рихьизарилищ нилъеда гьадигІан гІемерал мугІжизатал? 32 ГІисал хІакъалъулъ гьедин абулеб рагІана фарисеязда. Гьебмехалъ чІахІиял кашишзабазги фарисеязги Мукъадасаб Рукъалъул хъаравулзаби ритІана ккун вачун гьевгун рачІайилан. 33 ГІисаца абуна: – ГІемераб заман хутІун гьечІо дие нужеда цадахъ вукІине, кватІичІого ина дунго витІарасда аскІове. 34 КигІан валагьаниги, ватиларо гьебмехалъ нужеда дун. Нужеда рачІине кІолеб бакІ гуро доб дун унеб бакІ. 35 Гьеб рагІидал, ягьудияз цоцазда гьикъулеб букІана: – Киве инедай гьасие бокьун бугеб? Нилъеда гьев ватулареб бакІгІаги щибдай? Греказул шагьаразда ругел дол нилъеразда аскІове инецин гуродай гьасда ракІалда бугеб, добаги жиндирго дин малъизе? 36 «КигІан валагьаниги, ватиларо гьебмехалъ нужеда дун. Нужеда рачІине кІолеб бакІ гуро доб дун унеб бакІ» – ан гьес абиялъул магІна щибдай? 37 Байрамалъул ахирисеб бищунго хирияб къоялъ ГІисаца, халкъалде хитІаб гьабун, ахІана: – Къечарав чияс дида аскІовеги вачІун, къеч буссинабе. 38 ТІехьалда хъван бугебги ритІухълъун, диде иман лъурасул рекІелъан чІаголъиялъул лъадал лъарал чвахила. 39 Жинде иман лъуразде рещтІине бугеб Илагьияб РухІалъул бицунеб букІана ГІисаца. Амма Илагьияб РухІ жеги рещтІун букІунаро, ГІиса жеги жиндирго кІодолъиялде щун вукІинчІелъул. 40 Гьел рагІаби рагІидал, цо-цо гІадамал гаргадизе лъугьана хІакълъун гьав чи авараг вугилан. 41 Цогидаз абулеб букІана гьав МасихІ вугилан. Галилеялда МасихІ вахъуневищилан абулел чагІиги рукІана. 42 ТІехьалда бугин абулеб букІана гьез, Давудил наслуялда вахъинин МасихІ ва Давудил росулъ – Бетлегьемалда – гьавилин гьев. 43 Гьедин ГІисал бицун дагІба-рагІи ккана гьел гІадамазда гьоркьоб. 44 ГІиса ккун вачун жанив тІамизе бокьаралги рукІана гьенир. Амма гьесда квер хъвазе кІвечІо лъиданиги. 45 ЧІахІиял кашишзабазухъеги фарисеязухъеги Мукъадасаб Рукъалъул хъаравулзаби тІадруссун рачІараб мехалъ, ГІиса щай вачинчІевилан гьикъана гьезда. 46 Хъаравулзабаз жаваб кьуна: – Додин кІалъалев чи жеги киданиги рагІичІо нижеда, – ян. 47 – Унго нужгийищха гьес гуккарал? – ан абуна фарисеяз. – 48 ЧІухІби-хІакимзабазулги фарисеязулги цониги чи досда божун рихьанищ? 49 Досда божула къануналъул хІакъалъулъ жидеда щибниги лъаларел жагьилал гІадамал, нагІана батагийин гьезие! 50 Гьезда гьоркьов вукІана добмехалъ ГІисахъе ун вукІарав Никодемги. Гьес абуна: 51 – Нилъер къануналда рекъон чиясда гІайиб чІвазе бегьулебищ, ахІун аскІовегун цин гьес бицунелъухъ гІенеккичІого ва гьесул ишалъул цІех-рехги гьабичІого? 52 – Мунги Галилеялдаса ватила, – ян абуна гьесда гьез. – Цониги авараг Галилеялъул ракьалда вахъинилан хъван гьечІолъи дудаго бихьизе ТІухьдул цІале. [ 53 Цинги гьел рикьа-риххун рокъо-рокъоре ана.

8

1 Зайтуналъул магІарде ана ГІиса. 2 Нахъисеб къоялъ радалго вачІана гьев Мукъадасаб Рокъове. ТІолабго халкъ бакІарана гьесда аскІобе. ГІодов чІун гьезие вагІза-насихІат гьабизе ГІисаги лъугьана. 3 Диниял гІалимзабаз ва фарисеяз ГІисахъе ячун ячІана росасе хилиплъун, зина гьабулаго тІадккурай цо чІужугІадан. ГІадамазда цее яхъун чІезаюна гьез гьей. 4 Цинги гьез ГІисада абуна: – Я, МугІалим! Зина гьабулей ятана гьай гІадан. 5 Мусаца жиндирго къануналда нижее амру гьабун буго гьадинал руччаби ганчІал речІчІун чІвазе кколин. Дуца щибилан абилеб? 6 ГІисада гІайиб чІвазе рес ккелародайилан ургъунго кьураб суал букІана гьеб. ГІодовеги къулун, чІарбида килщица цо щибалиго хъвалев вукІана ГІиса. 7 Нахъеги гьез добго суал кьедал, тІаде ворхун, гьес абуна: – Нужеда гьоркьоса цониги мунагь гьабичІев чияс речІчІе гьелда тІоцебе гамачІ. 8 Нахъеги гІодовеги къулун, чІарбида хъвадаризе лъугьана гьев. 9 Гьеб рагІидал, гьел цо-цоккун рахъун къватІире ана, чІахІияздасан байбихьун. ГІисаги гьесда цее эхетарай дой гІаданги хутІана гьенир. 10 ТІаде ворхун, ГІисаца гьелда гьикъана: – Йо, чІужугІадан, кире арал дол? Цониги чи хутІичІевищ дуе тамихІ гьабизе? 11 – ХутІичІо, БетІерчІахъад, – абун жаваб кьуна гьелъ. ГІисаца гьелда абуна: – Дицаги гьабиларо дуе тамихІ. А дурго гьанже. Гьанжеялдаса хадуб тІокІаб мунагьги гьабуге.] 12 Гьадинаб вагІза-насихІатги гьабуна ГІисаца гьезие: – Дун вуго гьаб дуниялалъул Нур. Дида нахъвилълъарав цониги чи бецІлъуда хьвадизе гьечІо. ГІумру гвангъизабулеб Нур гьесда цадахъ букІине бугелъул. 13 Гьебмехалъ фарисеяз абуна: – Дуцаго дуего гьабулеб бугеб дур нугІлъи кьучІаб букІунаро. 14 ГІисаца абуна: – Дицаго дирго хІакъалъулъ гьабулеб бугониги, гьеб нугІлъи кьучІаб буго, дида лъалелъул дун киса вачІаравали ва киве унев вугевали. Нужеда лъаларо дун киса вачІаравали ва киве унев вугевали. 15 Нужеца суд гьабула гІадамаз гІадин, амма дица лъиениги суд гьабуларо. 16 Дица суд гьабунигицин, гьеб ритІухъаб букІина, дун дунго цохІо гьечІелъул, дун витІарав Эменги вугелъул дида цадахъ. 17 Нужер къануналдагицин хъван бугогури кІиго чиясул нугІлъи гІолилан. 18 Дицаги гьабулеб буго диего нугІлъи, дун витІарав дир Инсуцаги гьабулеб буго. 19 – Дур эмен кив вугев? – ан гьикъана гьесда. ГІисаца жаваб кьуна: – Я, дун, яги дир Эмен нужеда лъаларо. Дун лъалевани, дир Эменги лъалаан нужеда. 20 Гьеб вагІза-насихІат ГІисаца гьабуна Мукъадасаб Рукъалъул азбаралъуб, садакъадул гІарац лъолеб гъансида аскІов вахъунги чІун. Лъицаниги кквечІо гьев, жеги гьелъие болжал щун букІинчІо. 21 Гьанжеги ГІисаца гьезда абуна: – Дун нужеда аскІоса ине вуго. Дун валагьулел рукІина нуж, амма гьедин мунагьазул цІовухъе хвела, дун араб бакІалде рачІинеги кІвеларо нужеда. 22 Ягьудияз абуна: – Живго жинцаго чІвазехъинцин вугодай? Дун араб бакІалде рачІине нужеда кІвеларинги абулеб буго. 23 ГІисаца гьезда абуна: – Нуж руго гІодор рижарал, дун вуго тІасан вачІарав. Нуж руго гьаб дуниялалъул чагІи, дун гьаб дуниялалъул чи гуро. 24 Гьединлъидалин дица нужеда абулеб бугеб нуж мунагьазул цІовухъе хвезе ругилан. Дов – Дун вукІиналда божичІони, мунагьазул цІовухъе хвела нуж. 25 – Мун щивха кколев? – ан гьикъана гьез. ГІисаца гьезие жаваб кьуна: – Дун щивали авалалдаса бахъарабго бицана дица нужеда. 26 Нужер хІакъалъулъги гІемераб жо бицине кІвелаан дида ва суд гьабизеги кІвелаан. Амма дица гьаб халкъалъе бицунеб буго дун витІарав Аллагьасдасан рагІарабщинаб. ЦІакъ ритІухъавин гьев вугев! 27 Гьезда бичІчІичІо Инсул хІакъалъулъ бицунеб букІин. 28 Цоги ГІисаца абуна: – ГІадамил Лъимер борхатаб бакІалде вахинавидал, лъала Дов – Дун вукІин, дунго лъикІав лъугьун дица щибниги гьабулеб букІинчІеблъи, дир Инсуца дида малъухъе дица нужедаги бицунеб букІараблъи. 29 Дун ВитІаравги дунгун цадахъ вуго. Гьес дун дунго цохІо течІо, гьев разилъулебщинаб иш гьабулеб бугелъул дица кидаго. 30 ГІисаца гьедин абидал, гІемераз иман лъуна гьесде. 31 Жинде иман лъурал ягьудиязда ГІисаца абуна: – Дир рагІи нужеца рекІелъ цІунани, унго-унгоял дир муридал рукІина нуж. 32 ХІакъабщинаб лъала нужеда, ва гьелъ нуж тархъан гьарила. 33 Гьез абуна: – Ниж Ибрагьимил наслу буго, лъилниги лагъзаллъунги рукІинчІо киданиги. Ниж тархъан гьарилин абураб рагІиялъул магІна щиб? 34 ГІисаца жаваб кьуна: – ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: мунагь гьабуравщинав чи ккола мунагьалъул лагъ. 35 Масала, цо пуланав лагъ жиндирго бетІергьанасул рокъов кидаго гуро вукІунев, амма вас инсул рокъов кидаго вукІуна. 36 Васас тархъан гьаруни, хІакъикъаталдаги тархъанлъила нуж. 37 Дида лъала нуж Ибрагьимил наслу букІин. Амма нужеца дун чІвазе къасд гьабулеб буго, дир рагІи нужер ургьибе унеб гьечІелъул. 38 Дица нужеда малъулеб буго дир Инсуда аскІоб дида бихьараб къагІидаялъ. Нужецайин абуни гьабулеб буго нужерго инсудасан рагІараб къагІидаялъ. 39 – Нижер эмен Ибрагьим вуго, – ян абуна гьез. ГІисаца абуна: – Нуж Ибрагьимил лъимал рукІаралани, Ибрагьимица гьабураб гьабилаан нужеца. 40 Нужецани дун – Аллагьасдасан рагІараб хІакъаб рагІи нужеда бицарав чи – чІвазе къасд гьабулеб буго. Амма Ибрагьимица гьединаб иш гьабичІо. 41 Нужерго инсуца гьабураб гьабулеб буго нужеца. Гьез абуна: – Ниж зинаялдасан ккарал гуро. Нижер цо эмен вуго – Аллагь! 42 ГІисаца гьезда абуна: – Нужер эмен Аллагь вукІаравани, нужее дун вокьилаан. Дун Аллагьасдасан вачІун рещтІарав вугелъул гьаниве. Дунго лъикІав лъугьун вачІинчІо дун, гьес витІун вачІана. 43 Нужеда дир рагІи бичІчІулеб гьечІо, нужеда гьеб рагІизе рес гьечІелъул. 44 Илбис буго нужер эмен. Нужер эменлъун кколеб илбисалъулаб тІубазабулеб буго нужеца. БачІинго сундасан букІараб илбисалъул? Чи чІваялдасан гурищ? РитІухълъиялъул рахъги кквечІо гьелъ, ритІухълъи гьелъулъ жиндилъго гьечІелъул. Гьереси – гьелъул кІалдиб ругьунаб мацІ буго, тІолабго гьересиги гьелдасан бачІараб бугелъул. 45 Дида нуж божулел гьечІо, дица битІараб бицунеб бугелъул. 46 Нужер цониги чиясда кІвелищ мунагь бугин дидайилан абизе? Дица битІараб бицунеб бугеб мехалъги щай нуж дида божуларел? 47 Аллагьасдасан вачІарав чи Аллагьасул рагІухъги гІенеккула. Нуж Аллагьасдасан ругелал гурелъул, нуж гІенеккулел гьечІо. 48 Ягьудияз гьесда абуна: – Мун самарияв вугин ва жундуз ккунги вугин абун нижеда гьоркьоб тІибитІун бугеб хабарги гьересийищха? 49 ГІисаца гьезие жаваб кьуна: – Дун жундуз ккун гьечІо. Дица дирго Эмен кІодо гьавулев вуго, нужецайин абуни, дун хІакъир гьавулев вуго. 50 Амма дун рецц-бакъ къваригІарав чиги гуро. Дие рецц-бакъ гьабизе бокьаравги вугевха, гьес гьабила нужее суд. 51 ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: дир рагІи рекІелъ цІунаравщинав чи абадул абадиялъ хвезе гьечІо. 52 Ягьудияз гьесда абуна: – Гьанже тІубанго хІакълъана нижее мун жундуз ккун вугевлъи. Ибрагьим хвана, цогидал аварагзабиги хвана. Дуцани абулеб буго дур рагІи рекІелъ цІунаравщинав чи абадул абадиялъ хвезе гьечІилан. 53 Нижер эмен Ибрагьимидасаги цІакъав чийищха мун кколев? Цогидал аварагзабаздасаги цІакъав чийищха? Ибрагьимги хвана, гьел цоялги хвана. Мун щив гьедигІан кутакав чи? 54 ГІисаца жаваб кьуна: – Дицаго диего рецц-бакъ гьабуни, гьеб букІина гІададисеб чІанда-хабар. Нижер Аллагьилан нужеца абулев дир Инсуца гьабулеб буго дие рецц-бакъ. 55 Нужеда киданиги лъалароан Гьев. Амма дида Гьев лъала. Дида Гьев лъаларилан дица абуни, дунги вукІина нужеда релълъарав гьерсихъан. Дида Гьев лъала ва Гьесул рагІи рекІелъ цІунун буго дица. 56 Нужер эмен Ибрагьим цІакъ вохана, дун вачІараб къо бихьидал. Гьесда бихьана дун вачІараб къо ва гьелдаса вохана. 57 Гьебмехалъ ягьудияз гьесда абуна: – Жеги кІикъоялда анцІго сонцин бачІев дуда Ибрагьим кин вихьулев? 58 ГІисаца гьезда абуна: – ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: жеги Ибрагьим авараг вахъиналдего вукІана дун. 59 Гьесда речІчІизе ганчІал кодоре росана гьебмехалъ ягьудияз. ГІиса гІадамазул руккалилъ вахчана ва Мукъадасаб Рокъоса къватІиве ана.

9

1 Гьениса унаго ГІисада ватана эбелалъ гьавуралдасаго бецав цо чи. 2 ГІисада муридаз гьикъана, гьев чиясул мунагь букІунищ яги гьесул эбел-инсул мунагь букІунищ эбелалъул ургьивго гьев бецав вугев. 3 ГІисаца абуна: – Я гьев чиясул, яги гьесул эбел-инсул мунагь букІун гуро гьев бецлъарав, Аллагьасул къудрат гьесдалъун загьирлъизе бецлъана гьев. 4 Дун витІарав Аллагьас тІадкъараб иш, бакъ цебе букІаго, тІубазе ккола нилъеца. ТІаде щолеб буго лъиданиги щибниги гьабизе кІолареб сордо. 5 Гьаб дуниялалда дун вугебгІан заманаялъ гьаб дуниялалъе Нур ккола дун. 6 Гьединги абун, ГІисаца ракьалде туна, хІацІуца хІурги буцун, гьеб бахана бецасул беразда. 7 Цинги ГІисаца гьесда абуна: – ШилоахІ («Чапар» абураб магІна ккола гьелъул) хІавузалъухъеги ун, гьумер чуре дурго, – ян. Гьениб гьумер чурарабго беразда канлъиги бихьун, тІадвуссун вачІана гьев чи. 8 Гьесул мадугьалзабазги къватІахъ гьарделев гьев вихьаразги цоцазда гьикъулеб букІана дова садакъа гьарулев вукІарав бецав чи гурищ гьавилан. 9 Уйилан абулеб букІана цо-цояз, цогидаз абуна дов гурин, досда релълъарав чи вугилан. Жив вугин гьевилан абуна гьес. 10 – Кинха дуда канлъи бихьараб? – ан гьикъана гьез гьесда. 11 Гьес жаваб кьуна: – Цо ГІиса абулев чияс жиндирго хІацІуца буцун хІур бахана дир беразда. Цинги гьес дун ШилоахІ хІавузалъухъе гьумер чуризе витІана. Гьениб гьумер чурарабго, дир беразда канлъиги бихьана. 12 Гьев чи кив вугевилан гьикъидал, жинда лъаларилан абуна гьес. 13 Бецав вукІун канлъи бихьарав гьев чи фарисеязухъе вачана гьез. 14 (ХІацІуца хІурги буцун, гьесул беразда ГІисаца канлъи бихьизабураб къо шамат къо букІана.) 15 Фарисеязги гьикъана гьесда дур бецал беразда канлъи кин бихьарабилан. Гьес гьезда бицана хІацІуца буцун хІур баханин дос жиндир беразда ва гьумер чурараб мехалъ канлъиги бихьанилан. 16 Цо-цо фарисеял гаргадизе лъугьана шамат къоялъул къанун цІунуларев гьев Аллагьасдасан вачІарав чи гурилан. Цогидаз абуна мунагь-хІакъ тІад бугев чиясда гьединаб мугІжизат бихьизабизе кин кІолебилан. Гьединаб дагІба-къец ккедал, 17 дов бецав вукІун канлъи бихьарав чиясда гьикъана гьез нахъеги: – Дур бецал беразда канлъи бихьизабурав чиясул хІакъалъулъ щиб дуца абилеб? Авараг вугин довилан кьуна гьес жаваб. 18 Ягьудиязе бокьун букІинчІо бецав вукІун гьев чиясда канлъи бихьанилан абураб жоялда божизе. Хадув чи витІун гьесул эбелги эменги ахІана гьенире. 19 Цинги гьезда гьикъана: – Эбелалъул ургьисаго бецав вукІанилан нужеца бицунев гьав чи нужер васищ? Гьасул беразда канлъи кин бихьарабали лъалебищ нужеда? 20 Эбелалъги инсуцаги абуна нижеда лъала гьев чи нижер вас вугевлъи ва эбелалъул ургьисаго бецав вукІаравлъиги. 21 Амма гьесда гьанже канлъи щай бихьулеб бугебалиги ва лъица гьев сахлъизавуравалиги нижеда лъаларо. Гьесда жиндаго гьикъе. Балугъав чи вуго, жинцаго бицине биччанте. ( 22 Ягьудиязул чІухІби-хІакимзабазукьа хІинкъун абуна гьаз гьедин: гьез лъазабун букІиндалха, ГІисал рахъалъ МасихІ вугин гьевилан абурав чи синагогаялъуве виччазе гьечІилан. 23 Гьединлъидалин гьаз абураб жидер вас балугъав чи вугин, гьесда жиндаго гьикъейилан.) 24 Ягьудияз нахъеги аскІове ахІун, гьесда абуна: – Аллагьасда цебе гьереси бицунге! Нижеда лъарабин мун сахлъизавурав чи мунагьазул цІурав чи вугевлъи. 25 Гьес абуна: – Дида лъаларо мунагьазул цІурав чи вугевищ гьев яги гьечІевищали. Дида лъала цо жо: дун бецав вукІаравлъи ва гьанже дида канлъи бихьулеб бугеблъиги. 26 Нахъеги гьикъана гьесда: – Щиб дос дуе гьабураб? Кин дос дур беразда канлъи бихьизабураб? 27 Гьес жаваб кьуна: – Дица бицунеб мехалъ гІенеккунищ нуж рукІинчІел? Цоги нухалъ гьелъухъ гІенеккун щай нужее? Яги досул муридаллъун лъугьинейищ нужееги бокьун бугеб? 28 – Нижни Мусал муридал руго. Мун вуго досул муридлъун лъугьун! – ан тІаделъана гьесде фарисеял. 29 – Нижеда лъала Мусада Аллагь кІалъаравлъи, довин абуни, киса-щивалицин лъаларев чи вуго. 30 Бецав вукІун канлъи бихьарас абуна гьезда: – ХІикматаб жо буго нужеда дов киса-щивали лъалеб гьечІолъи. Амма дос дир беразда канлъи бихьизабуна. 31 Нилъеда лъала мунагь-хІакъалъул агьлуялъухъ Аллагь гІенеккуларевлъи. Аллагь гІенеккула жиндие мутІигІав, жиндир амру тІубазабулев чиясухъ. 32 Киданиги рагІун букІинчІо эбелалъул ургьисаго бецав чиясда лъицаниги канлъи бихьизабун бугилан. 33 Дов чи Аллагьасдасан вачІарав вукІинчІевани, щибго гьабун бажарилароан досухъа. 34 Эбелалъ гьавуралдасаго мунагьазул цІурав дуцагийищ нижее гІакълу кьолеб бугебилан, ццин бахъун, къватІиве гъуна гьез гьев. 35 Гьез къватІиве гъун вугилан рагІидал, ГІисаца гьев чи валагьана ва ГІадамил Лъимада мун божулищилан гьикъана. 36 Гьес жаваб кьуна: – Я, БетІерчІахъад, гьесда божизе ккани, цин гьев лъазе ккеларищ? 37 ГІисаца гьесда абуна: – Гьев дуда цевеги вихьана ва гьабсагІат дуда кІалъалевги вуго. 38 – Я, БетІерчІахъад, дуда божула! – ян абуна гьев чияс ва гьебсагІат ГІисада цеве суждаялда чІана. 39 ГІисаца абуна: – Гьаб дуниялалде дун суд гьабизе вачІун вуго: бецазда канлъи бихьизе, канлъи бихьулелал бецлъизе. 40 Гьедин абулеб мехалъ аскІор рукІарал цо-цо фарисеяз гьикъана жалги бецалищха ругелан. 41 ГІисаца гьезда абуна: – Нуж бецал рукІаралани, нужее мунагь букІинароан. Канлъи бихьулилан нужеца абулеб бугелъул, мунагь тІаса инаро нужедаса.

10

1 ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: нуцІихъан гурони, цогидаб бакІалдасан гІиял чолониве лъугьарав чи ккола цІогьор яги хъачагъ. 2 НуцІихъан вачІуна гьезул вехь. 3 ВорчІухъанас гьесие нуцІа ричІула, чахъабазда гьесул гьаракь рагІула. Цо-цоккун щибалъул цІарги ахІун, вехьас чахъаби чолониса къватІире риччала. 4 Жиндирго киналго чахъаби къватІире риччараб мехалъ, вехь рехъада цеве вилълъуна, чахъабиги гьесда хадур уна, гьезда гьесул гьаракь лъалелъул. 5 Амма цогидав чиясда хадуб унаро рехъен, гьесда аскІоса лъутула чахъаби, чияр гьаракь гьезда лъаларелъул. 6 Гьеб мисал бачун, ГІисаца сундул хІакъалъулъ бицунеб бугебали бичІчІичІо гьезда. 7 ГІисаца цоги абуна: – ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: дун вуго чахъабазул чолол кІалтІа бугеб нуцІа. 8 Дун вачІиналде рукІарал киналго руго цІогьалги хъачагъалги. Гьединлъидал чахъаби гьезухъ гІенеккичІо. 9 Дун вуго нуцІа. Гьеб нуцІа рагьаравщинав хвасарлъила, жанивеги ина, къватІивеги вачІина, квине жоги щвела. 10 ЦІогьор вачІунаро – бикъизе, чІвазе, хвезабизе гурони. Дун вачІун вуго гІумру кьезе, гьарзаяб гІумру кьезе. 11 Дун вуго лъикІав вехь. ЛъикІав вехьас чахъабазе гІоло рухІги кьола. 12 - 13 Амма мухьдахъ ккурав вехь вехь гуро, чахъаби чияр ругелъул. БацІ рехъалъе бачІунеб бихьани, рехун гІиги тун, лъутун уна гьев. БацІ рехъалъ речІчІула, гІи рахъ-рахъалде лъутизабула, мухьдахъ ккурав вехьасе гьезул ургъел гьечІелъул. 14 Дун вуго лъикІав вехь. Дида дирго чахъабиги лъала, дирго чахъабазда дунги лъала. 15 Гьелдаго релълъун, дир Инсуда дунги лъала, дида Эменги лъала. Дица дирго рухІги кьела чахъабазе гІоло. 16 Гьеб рехъалъ гьечІел цоги чахъабиги руго дир. Гьелги рачине ккола дица дирго рехъалъе. Гьелги гІенеккизе руго дир гьаркьихъ. Гьебмехалъ букІина цого рехъен ва цохІо вехьги вукІина. 17 ЦІидасан нахъе щвезелъун дица дирго рухІ кьолеб бугелъулин Инсуе дун вокьулев. 18 Лъицаниги тІамулев гьечІо дун дирго рухІ кьезе. Дицаго кьолеб буго дица гьеб. Дир ихтияр буго рухІ кьезеги, кьуни – гьеб нахъе босизеги буго дир ихтияр. Гьедин амру гьабуна дие Инсуца. 19 Гьеб рагІидал, ягьудиязул нахъеги дагІба-рагІи ккана. 20 ГІемерисез абулеб букІана жундуз бетІер сверизабун бугин гьесул, гьесухъ гІенеккиго щайин нужеейилан. 21 Цогидаз абулеб букІана жундуз ккурав чи гІадин кІалъалев гьечІин. Жундузда кІолебищин бецал беразда канлъи бихьизабизе. 22 ТІаде щвана Иерусалималда ЦІилъиялъул байрам тІобитІулеб къо. Хасало заман букІана гьеб. 23 Мукъадасаб Рокъове вачІун, Сулайманил рагъида дове-гьаниве хьвадулев вукІана ГІиса. 24 ТІаде гурун рачІун, ягьудияз гьесда абуна: – КидалъагІан дуца ниж щакдаризе тІамилел? Мун МасихІ ватани, рагьун абе нижеда! 25 ГІисаца абуна: – Дица абунагури нужеда, амма нуж божичІо. Дир Инсуца тІамун, дица гьарулел ругел ишаз нугІлъи гьабулеб бугогури дие. 26 Дир рехъадул чахъаби гурелъул, божулел гьечІо нуж. 27 Дир чахъабазда дир гьаракь рагІула, дида гьелги лъала ва гьел дида хадурги рачІуна. 28 Дица гьезие абадияб гІумруги кьола. Гьел абадул абадиялъго хвезе гьечІо ва лъиданиги кІвеларо гьел дида кодоса рахъизе. 29 Дихъе гьел кьурав дир Эмен вуго бищунго хІалкІолъи кІудияв БетІергьан. Лъиданиги кІвеларо гьел дир Инсуда кодоса рахъизе. 30 Дир Эменги дунги – цого руго. 31 Гьебмехалъ ягьудияз ГІисада речІчІизе нахъеги ганчІал кодоре росана. 32 ГІисаца гьезда абуна: – Дир Инсул амруялдалъун гІемерал лъикІал ишал гьаруна дица нужеда цере. Гьел ишазул кинабаб сабаблъунха нужеца дида ганчІал речІчІизехъин ругел? 33 Ягьудияз гьесие жаваб кьуна: – Дуца гьабураб лъикІлъиялъухъ гуро нижеца дуда ганчІал речІчІизехъин ругел. Аллагьасде дандечІарал гІасиял-пасикъал рагІабазухъ речІчІулел руго. Инсан вугониги, дуцаго мунго Аллагьлъун рикІкІунев вуго. 34 ГІисаца гьезда абуна: – Нужер къануналда хъван гьечІищ гьадинаб калима: «Дица абуна нуж аллагьзаби ругилан». 35 - 36 ТІухьдузда хъван бугеб хисизабизе бегьуларо. Бичасул калам рещтІаразда БетІергьанасцин аллагьзабийилан абун буго. ВацІцІадав илчилъун гьавун, гьес дуниялалде витІарав Дун Аллагьасул Вас вугилан абурал дир рагІаби Аллагьасда дандечІарал ругин абизе кин нужеда кІолеб? 37 Дир Инсуца гьабулеб иш дицаги гьабулеб гьечІеб батани, божуге нуж дида. 38 Дир Инсуца гьабулеб иш дицаги гьабулеб бугелъул, дида божичІони, дир ишаздагІаги божа. Гьебмехалъ лъала ва бичІчІила дилъ дирго Эмен вукІин ва дирго Инсулъ дун вукІин. 39 ГІиса кквезейилан лъугьана нахъеги ягьудиял, амма гьезда кодоса ворчІана гьев. 40 ГІиса нахъеги Иорданалъул добцояб рахъалде, ЯхІяца гІадамал лъадалъ ччун рахъулел рукІараб бакІалде, ана ва гьенив чІана. 41 Гьениреги гІемерал гІадамал рачІана ГІисада хадур. Гьез абулеб букІана: – ЯхІяца цониги мугІжизат бихьизабичІо, амма гьав Чиясул хІакъалъулъ гьес абураб щибаб рагІи битІараб букІун буго. 42 Гьенире рачІаразул гІемерисез ГІисаде иман лъуна.

11

1 Бетания шагьаралдаса Лазарилан абулев цо чи унтун вукІана. 2 Гьеб Бетаниялда яшав гьабун рукІана цо Марям абулей гІаданги гьелъул яц Мартаги. Гьеле гьей Марямицайин ГІисал хІатІазда махІ гьуинаб нах бахараб ва жиндирго ботІрол расуца гьел ракъвазарурал. Гьелъул вац вукІана Лазар. 3 Яцаз ГІисахъе ругьел битІана: «Я, БетІерчІахъад, дуе хирияв чи унтун вуго», – ян. 4 Гьеб ругьел бачІиндал, ГІисаца абуна: – Гьеб унтуца Лазар холаро. Гьеб буго Аллагь машгьурлъизе ва Аллагьасул Васас живго гьелдалъун машгьурлъизавизе Лазариде тІамураб унти. 5 Марямги, гьелъул яцги, Лазарги цІакъ рокьулаан ГІисае. 6 Гьев унтун вугилан рагІидалги, кІиго къоялъ гьенивго чІана ГІиса. 7 Цинги гьес муридазда абуна Ягьудиялде тІадруссине кколилан. 8 Муридаз абуна: – Я, Рабби, Ягьудиялда дуда ганчІал речІчІизехъин рукІаралдаса гІемер заман инчІогури. Гьениве тІадвуссине щай дуе бокьун бугеб? 9 ГІисаца абуна: – Цо къоялъе букІуна анцІила кІиго сагІат. Къад сапаралде вахъарав чи хІетІе тункун гІодов кколаро, нухда гьесие канлъи букІунелъул. 10 Амма сардилъ сапаралде вахъарав чиясул хІетІе тарула, нухда канлъи букІунарелъул. 11 Цоги гьес абуна: – Нилъер гьудул Лазар кьижун ккун вуго. Гьев вигьинавизе инехъин вуго дун. 12 Муридаз абуна: – Я, БетІерчІахъад, кьижун ккарав ватани, мадар лъугьина гьесул. 13 ГІисаца абулеб букІана Лазар хун вугилан, амма муридазда бичІчІана гьадинго кьижун ккун вугилан абулеб бугилан. 14 Гьебмехалъ ГІисаца рагьун бицана гьезда Лазар хванилан. 15 – Нужер талихІ ккана дун дова вукІинчІолъи, гьанже нужее рес ккела дида божизе. Рилълъа доре. 16 «КІилъилав» абун тІокІцІар бугев Фомаца цогидал муридазда абуна: – Рилълъа МугІалимасда цадахъ, гьев хваралъур хвезе! 17 ГІиса Бетаниялде щведал, Лазар хабалъ вукъаралдаса ункъо къо бан батана. 18 Иерусалималдаса Бетаниялде лъабго километр гурони букІинчІо. 19 Мартахъеги Марямихъеги вацасул зигараялъ Иерусалималдаса рачІарал гІемерал ягьудиялги рукІана гьенир. 20 ГІиса вачІунев вугилан рагІидал, Марямги магІирокъойго тун, Марта ана гьесда данде. 21 Мартаца ГІисада абуна: – Я, БетІерчІахъад, мун гьанив вукІаравани, хвелароан дир вац! 22 Амма гьанжеги ракІчІун лъала дида дур кинаб букІаниги гьари-дугІа Аллагьас нахъчІвалареблъи. 23 Дур вац хваралъуса вахъине вугилан абуна гьелда ГІисаца. 24 Мартаца абуна къиямасеб къоялъ гьев тІаде вахъуневлъи жиндаги лъалин. 25 ГІисаца гьелда абуна: – Дицайин хварал рахъинарулел, дицайин чІаголъизарулел. Дида божарав чи хваравги чІаголъила. 26 Гьаб дуниялалда вугевщинав дида божулев чи абадул абадиялъ хвезе гьечІо. Гьелда мун божулищ? – ан гьикъана ГІисаца. 27 Гьелъ жаваб кьуна: – Я, БетІерчІахъад, дун божана дуниялалде вачІине вугев Аллагьасул Вас МасихІ мун вукІиналда. 28 Гьединги абун, рокъое ана Марта. Цогидаздаса балъго гьелъ Марямида абуна МугІалим вачІун вугин ва гьес мун ахІулей йигин. 29 ГьебсагІат ГІисада аскІое ине гІедегІун къватІие яхъана Марям. 30 Росулъеги лъугьинчІого, Марта жинда данде ячІараб бакІалда чІун вукІана ГІиса. 31 Марям гІедегІун къватІие яхъун уней йихьидал, зигараялъ рачІун рукІарал ягьудиязда ккана вацасухъ гІодизе хабаде уней ятилин гьейилан. Гьелги ана Марямида хадур рахъун. 32 ГІисада аскІое щведал, гьесул хІатІазда цее кІалагъоркье речІчІун, Марямица гІодилаго абуна: – Я, БетІерчІахъад, мун гьанив вукІаравани, хвелароан дир вац! 33 ГІодулей Марямги гьелда цадахъ гІодулел гІадамалги рихьун, цІакъго ракІбакъван, къварилъахъдана ГІиса. 34 – Кив нужеца гьев вукъарав? – ан гьикъана ГІисаца. – Я, БетІерчІахъад, вилълъа дудаго бихьизабизе, – ян абуна гьез. 35 ГІиса гІодана гьебмехалъ. 36 ГІиса гІодулев вихьидал, гІадамаз абуна Лазар гьасие вокьулев вукІун вугеб куц бихьуларищилан. 37 Бецасда канлъи бихьизабурав чиясда Лазар хвалдаса ворчІизавизеги кІвелаанилан абуна цо-цояз. 38 Дагьабги ракІбакъван, ГІиса Лазарил хабаде ана. Хоб букІана нохъода жаниб, кІалтІа гамачІги букІана. 39 ГІисаца абуна гьеб гамачІ нахъе босейилан. Хварасул яц Мартаца абуна: – Я, БетІерчІахъад, Лазар вукъаралдаса ункъабилеб къо буго, махІ бахъун батила. 40 ГІисаца гьелда абуна: – Дица абичІищ дуда, мун божани, Аллагьасул хІалкІолъи бихьилин дудаян. 41 ГамачІ нахъе босана. Зобалаздеги валагьун, ГІисаца абуна: – Я, дир Эмен, дица дуе рецц гьабулеб буго гьари-дугІа дуда рагІаралъухъ. 42 Дида лъалаан дир гьари-дугІа дуда кидаго рагІизе букІин. Дица гьадин абулеб буго дун дуца витІаравлъи гьанир дида аскІор ругезда лъазе. 43 Цинги ГІисаца ахІана: – Лазар! КъватІиве вачІа! – ян. 44 Кверазда ва бохдузда мусралги жемухъего хабалъа къватІиве лъугьун вачІана Лазар. КвербацІцІалъ бухьун гьумерги букІана гьесул. – Гьасдаса мусрал риче, – ян абуна ГІисаца, – ва рокъове ваче. 45 Марямихъе зигараялъ рачІун рукІун ГІисал гьеб мугІжизат бихьарал гІемерал ягьудияз гьесде иман лъуна. 46 Амма цо-цояз, фарисеязухъе ун, бицана ГІисаца гьениб бихьизабураб мугІжизаталъул хІакъалъулъ. 47 Гьебмехалъ чІахІиял кашишзабиги фарисеялги тІадегІанаб судалъе данделъана. Гьез абуна: – Щибдай нилъеца гьабун лъикІ? Гьадав чияс гІемерал мугІжизатал рихьизарулел руго халкъалда. 48 Додин виччан тани, кинабго халкъ досда хадуб ина. Цинги Рималъул боги бачІун, нилъер Мукъадасаб Рукъги щущазабила, халкъги гъурун тІагІинабила. 49 Гьеб соналъ бищунго кІудияв кашишлъун вукІарав Кайафаца абуна: – Нужеда щибниги лъалеб гьечІоха. 50 Нужеца пикру гьабулеб гьечІо тІолабго халкъ хун тІагІинабиялдаса халкъалъе гІоло цо чи хвезавиго лъикІаб букІиналъул. 51 Кайафал жиндирго гІакълу хадуб гІунтІун абурал рагІаби рукІинчІо гьел. Гьеб соналъ бищунго кІудияв кашишлъун вукІиндал, кашпу-карамалъи щунин гьес абураб халкъалъе гІоло ГІиса хвезе вугилан. 52 ЦохІо халкъалъе гІоло гуревха. ТІолабго дуниялалда щущан ругел Аллагьасул лъимал данде ракІариялъе гІоло хвезе вуго ГІиса. 53 ГІиса чІвазе хІукму гьабуна гьеб къоялъ гьез. 54 Гьединлъидал гьанже тІатун хьвадулев вукІинчІо гьев Ягьудиялъул ракьалда. Гьениса вахъун, жиндирго муридалги рачун, ГІиса ана гІицІаб авлахъалъул рагІалда бугеб Эфраим абулеб шагьаралде. 55 ЖугьутІазул Пасха тІаде щолеб букІана. Улкаялъул киналго бакІаздаса гІемерал гІадамал Иерусалималде рачІунел рукІана Пасха тІаде щвелалде жалго рацІцІалъизариялъул гІадат тІубазабизе. 56 Гьез ГІиса валагьулев вукІана. Мукъадасаб Рокъоре лъугьиндал, гьез цоцазда цІехолеб букІана: – ГІиса вачІинадай Пасхаялъул байрамалде? Дидани вачІинин кколаро. Дуда кин кколеб? 57 ЧІахІиял кашишзабазги фарисеязги буюрухъ кьун букІана нагагь ГІиса вугеб бакІ лъарав чияс жидеда лъазабеян, жидеца гьев, ккун вачун, жанив тІамизе вугилан.

12

1 Пасха тІаде щвезе анлъго къо хутІараб мехалъ, ГІиса вачІана гьес хваралъуса вахъинавурав Лазарил росулъе Бетаниялде. 2 Гьениб гьесие къасиялде квен къачІан букІун, Марта гьезда цебе квен-тІех лъолей йикІана, Лазарги вукІана ГІисадаги гьалбадеридаги цадахъ кваназе гІодов чІун. 3 Берцинаб махІалъул цІакъго хирияб нахул гелавкаги босун ячІун, Марямица ГІисал хІатІазда бахана гьеб ва жиндирго ботІрол расуца рацІцІана гьел. Гьеб нахул цІакъаб гьуинаб махІалъул цІуна рукъ. 4 Гьесул муридлъун вукІарав ва хилиплъизе вугев Ягьуда Искариотица абуна: 5 – Гьеб нах бичун букІарабани, лъабнусго динар щвелаангури ва мискинзабазе садакъаде кьезе бегьилаан гьеб. 6 (Мискинзабазул ургъел ккун гуро Ягьудаца гьедин абураб. ЦІогьор вукІана гьев. Киназулго гІахьалаб гІарац жаниб лъураб таргьа Ягьудахъ букІана, гьеб гІарацгицин ккезабулаан гьес жиндирго чвантинибе.) 7 – Гьей жийго те, – ян абуна ГІисаца. – Дун хабалъ вукъулеб къоялде нахъе лъун тун букІун буго гьелъ гьеб нах. 8 Мискинзаби кидаго ратила нужеда аскІор. Дунин абуни, кидаго гуро нужгун вукІунев. 9 ГІемерал ягьудиязда лъана ГІиса Бетаниялда вугевлъи. Гьел гьенире рачІунел рукІана ГІиса вихьизе гуребги, хваралъуса гьес вахъинавурав Лазар вихьизеги. 10 Гьев Лазар чІвазеги хІукму гьабун букІана чІахІиял кашишзабаз, 11 гьев сабаблъун гІемерисел ягьудияз, жалги рехун тун, ГІисаде иман лъолеб букІиндал. 12 Нахъисеб къоялъ ГІиса Иерусалималде вачІунев вугилан рагІана байрамалде ракІарун рукІарал гІадамазда. 13 Чамасдакил гъутІбузул гІурччинал гІаркьалабиги кодор ккун ана гьел ГІисада данде. Гьадинаб туркиги ахІулеб букІана: – Гьошанна! БетІергьанас витІун вачІунев вугесда баркат лъеги! Исраилил халкъалъул ПарччахІасда баркат лъеги! 14 Цо кІудияб кІерт батун, гьелда рекІана ГІиса, ТІухьдузда хъван бугеб гьадинаб калима ритІухълъизе: 15 – Сионил яс, мун хІинкъуге, ХІамил кІартида тІадги рекІун, ВачІунев вугевин дур ПарччахІ! 16 (Гьебмехалъни муридазда бичІчІун букІинчІо гьелъул магІна. Амма ГІисае Аллагьасдасан машгьурлъи щвараб мехалда ракІалде щвана гьезда ТІухьдузда гьесул хІакъалъулъ гьедин хъван букІараблъиги, гьеб ритІухълъизе гІадамаз гьебщинаб жо гьабураблъиги.) 17 Гьес Лазар, хабалъа къватІиве ахІун, хваралъуса вахъинавулев вихьарал гІадамаз гьелъул хІакъалъулъ бицунеб букІана. 18 Гьеб мугІжизаталъул хабар рагІун букІиндалин гьедигІан гІемераб халкъ ГІисада данде бачІунеб букІараб. 19 Гьединлъидал фарисеяз цоцазда абулеб букІана: – Балагье, нилъее пайда бахинчІо! ТІолабго халкъ досда хадуб унеб буго! 20 Байрамалъул къояз Иерусалималде зияраталъ грекалги рачІун рукІана. 21 Галилеялъул Бетсаида шагьаралдаса Филиппихъе ун, гьел греказ гьарана: – Я, бетІерчІахъад! ГІиса вихьизе бокьун буго нижее. 22 Андрейихъе ун Филиппица гьесда бицана гьеб. Цинги Андрейицаги Филиппицаги ГІисада бицана. 23 ГІисаца гьезда абуна: – ГІадамил Лъимер машгьурлъизе заман щун буго. 24 ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: хуриб хьараб ролъул мугь ракьулъе ккун хвечІони, гьеб жибго цохІо хутІула гьениб. Амма гьеб ракьулъе ккун хвани, гьелдасан лъугьараб ролъул тІорода гІемерал мугьал рижула. 25 Жиндирго гІумру хирияв чи гьелдаса махІрумлъила. Амма гьаб дуниялалъул рокъоб жиндирго гІумру рихарасе абадияб гІумру насиблъила. 26 Дие хъулухъ гьабизе бокьарав чи дида цадахъ вилълъа. Дун вугеб бакІалда вукІине ккола дие хъулухъ гьабурав чиги. Дие хъулухъ гьабурав чиясул хІурмат гьабила дир Инсуцаги. 27 Гьанже дир ракІ къварид буго. Амма дица щибилан абилеб? Я, дир Эмен, рухІ бахъулеб сагІаталдаса хвасар гьавейиланищ? Гьелъие гІололъидал дун гьаниве щун вугев. Я, дир Эмен, дурго цІар машгьурлъизе гьабе! 28 Гьебмехалъ зобалаздасан гьаракь рагІана: – Дир цІар машгьураб буго, жеги цІикІкІун машгьурлъизеги гьабила. 29 Гьениб букІараб халкъалдаги рагІана гьеб гьаракь. Цояз абуна зоб гъугъалеб гьаракь бугилан. Цогидаз абуна малаик вукІанин ГІисада кІалъалев. 30 ГІисаца гьезда абуна: – Гьадаб гьаракь дида рагІизе гуро зобалаздасан бахъараб, нужеда рагІизейин. 31 Гьаб дуниялалъе суд гьабулеб къо буго жакъа. Дуниялалъулго кверщелчи къватІиве вачахъулеб къо буго жакъа. 32 Цинги дун, ракьалдаса ворхизавун, борхатаб бакІалде вахинавидал, дица дидаго хадур цІазе руго киналго. 33 (Гьедин ГІисаца абуна кинаб хвалдалъун живго холевали бичІчІизе.) 34 Гьебмехалъ гІадамаз гьесда абуна: – «ГІадамил Лъимер, ракьалдаса ворхизавун, борхатаб бакІалде вахинавизе вугилан» щайха дуца абулеб бугеб? Щив кколев гьев ГІадамил Лъимер? Къануналдаса цІалулеб рагІана нижеда МасихІ нижгун абадиялъго хутІулилан. 35 ГІисаца гьезда абуна: – Жеги дагьаб заманаялъ Нуралъул канлъи нужгун хутІизе буго. Гьеб канлъи букІаго, хьваде нуж ракьалда, бецІлъи тІаде гІунтІилалде. БецІлъуда хьвадулесда лъаларо киве унев вугевали. 36 Гьеб Нур нужгун бугебгІан заманаялъ, гьелда божа, нужго Нуралъул гІадамаллъун лъугьине. Гьединги абун, ГІиса нахъе ана ва гьезда аскІоса тІагІана. 37 Чан мугІжизатха ГІисаца гьезда бихьизабураб, амма гьел ГІисада божичІо. 38 Гьеб кинабго ккана Ишая аварагасул калима ритІухълъизе: «Я, БетІергьан, нижеца бицаралде иман лъурав чи вугевищ? Лъие загьирлъараб Бичасул къудрат?» 39 Гьединлъидалин гьел божичІел. Ишая аварагас цоги бакІалда гьадин абулебги буго: 40 «Бичас гьел гІадамал бецлъизаруна, ГанчІил ракІал лъуна гьезул чурхдузулъ: Бецлъарал беразда бихьунгутІизе, ГанчІилал ракІазда бичІчІунгутІизе. Гуребани, диде руссинаан гьел, Сахлъизарилаан цинги дица гьел». 41 ГІиса машгьурлъулевлъи цебеккунго бихьун букІиндал абуна Ишаяца гьедин. 42 Бугониги, – цо-цо чІухІби-хІакимзабазгицин иман лъун букІана ГІисаде. Амма балъго гьабулеб букІана гьез гьеб, фарисеяз синагогаялдаса махІрум гьарилилан хІинкъун. 43 Аллагьасул хІурмат-цІаралдаса гьезие гІадамазул хІурмат-цІар хиралъана. 44 ГІисаца халкъалде ахІулеб букІана: – Дида божулев чи ккола, цохІо дида гуреб, хІакълъунго дун витІарав Аллагьасда божулев чи. 45 Дун вихьулев чиясда дун витІарав Аллагьги вихьулев вуго. 46 Дун вуго – Нур. Дун ракьалде вачІун вуго дида божарав цониги чи бецІлъуда хутІунгутІизе. 47 Дихъ гІенекканиги, дир рагІи рекІелъ цІуничІесеги суд дица гуро гьабизе бугеб. ГІадамазе суд гьабизе гуро дун вачІун вугев, гьел хвасар гьаризе вачІун вуго. 48 Дунги дир рагІиги нахъчІварав чиясе суд дир рагІуца гьабизе буго къиямасеб къоялъ. 49 Дунго лъикІав лъугьун абураб рагІи гьечІелъул дир, дун витІарав дир Инсуца бихьизабуна дида щиб абилебалиги, щиб бицинебалиги. 50 Дида лъала гьес бихьизабуралъ абадияб гІумруялде рачунеблъи. Инсуца дида абураб гурони, абулеб гьечІо дица нужедаги.

13

1 ЖугьутІазул Пасха тІаде щолеб букІана. Дуниял тун жиндирго Инсухъе ине заман гІагарлъулеб букІин лъалеб букІана ГІисада. Гьаб дуниялалда жинда божарал муридал рокьулаан гьесие. Гьале гьезде бугеб жиндирго рокьи тІубанго бихьизабула гьес. 2 Сардилъ кваназе гІодор чІун рукІана. (Гьелде щвелалдего Симонил вас Ягьуда Искариотил рекІелъе илбисалъ лъугьинабун букІана ГІисае хилиплъиялъул пикру.) 3 ГІисада лъалаан сундулго кверщел Инсуца жиндихъе кьун бугеблъи, жив Аллагьасдасан вачІаравлъи ва гьесухъе тІадвуссуневлъи. 4 ХІарччида нахъаса тІаде вахъун, ГІисаца халгІат тІаса рехана, рачлихъ квербацІцІ бухьана. 5 Цинги, тІарсинибе лъимги тІун, жиндирго муридазул хІатІал чуризе ва рачлихъ бухьун бугеб квербацІцІалъ гьел рацІцІине лъугьана ГІиса. 6 ХІатІал чуризе ГІиса аскІове вачІараб мехалъ, Симон Пётрица абуна: – Я, БетІерчІахъад, дир хІатІал чуризехъинищха мун вугев? 7 – Дица гьабулеб бугеб жоялъул магІна дуда гьанже бичІчІуларо. Хадуб бичІчІила дуда гьеб, – ан абуна ГІисаца гьесда. 8 Пётрица абуна: – Киданиги риччаларо дица дуда дир хІатІал чуризе. ГІисаца абуна: – Дица гьанже дур хІатІал чуричІони, дида аскІоб бакІ букІине гьечІо дуе. 9 Симон Пётрица абуна гьебмехалъ: – Гьедин батани, БетІерчІахъад, хІатІал гурелги, квералги чуре дир, бетІерги чуре. 10 ГІисаца абуна: – Чвердон вачІарав чиясул хІатІал гурони чуризе кколаро. Черх гьесул бацІцІадго букІуна. Нуж рацІцІадал руго, амма киналго гурелха. 11 ГІисада лъалеб букІана щив жиндие хилиплъизе вугевали. Гьединлъидал абуна гьес нуж киналго гурин рацІцІадал ругелилан. 12 Гьезул хІатІалги чурун, халгІатги ретІун, нахъеги гьезда аскІов гІодов чІараб мехалъ, ГІисаца абуна: – Дица нужер хІатІал чуриялъул магІна лъалищ нужеда? 13 Нужеца дида абула МугІалимилан ва ТІадегІанавилан. БитІараб буго гьеб. Гьединав чи вуго дун. 14 Гьедин дица, нужер МугІалимас ва ТІадегІанас, нужер хІатІал чурулел ругони, нужецаги чуризе ккола цоцазул хІатІал. 15 Дица нужеда мисал бихьизабулеб букІана, дица нужее гьабураб нужецаги гьабизе. 16 ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: жиндирго бетІергьанасдаса тІадегІанав вукІунаро гьесул лагъ. Жив витІарасдаса тІадегІанав вукІунаро гьесул чапарги. 17 Гьардарал гурищ нуж, гьеб бичІчІани, гьедин гьабизеги гьабуни! 18 Дица нужер киназулго хІакъалъулъ гуро абулеб бугеб. Дида лъала дица щал тІаса рищаралали. Амма ТІехьалда бугеб гьадинаб калимаги ритІухълъизе биччанте: «Дида цадахъ чед кварас квер борхана дида данде». 19 Гьанже дица бицун толеб буго нужеда, дица бицухъе ккараб мехалъ, дун Дов вукІиналда нуж божизе. 20 ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: дица витІарасде иман лъурав чи ккола диде иман лъурав чи. Диде иман лъурав чи ккола дун витІарасде иман лъурав чи. 21 Гьел рагІаби абураб мехалъ, ГІисал хІал хисана. Гьес лъазабуна: – ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: нужер цояв дие хилиплъила. 22 Лъил хІакъалъулъдай ГІисаца гьеб абулеб бугебилан рихха-хочун цоцахъ ралагьана муридал. 23 ГІисае вокьулев цо мурид кваналев вукІана гьесул каранда цеве чІун. 24 Симон Пётрица гьев муридасде ишан гьабуна лъил хІакъалъулъ бицунеб бугебали дуца гьикъейилан. 25 ГІисал карандеги гьетІун, гьес гьикъана: – Я, БетІерчІахъад, щив гьев? 26 ГІисаца жаваб кьуна: – СуркІиниб ччун дица чадил кесек кодобе кьурав чи вуго гьев. Босун, суркІинибги ччун, чадил кесек гьес кьуна Симонил вас Ягьуда Искариотихъе. 27 Гьеб чадил кесек кодобе босарабго, Ягьудал чорхолъе илбис лъугьана. Гьебмехалъ ГІисаца гьесда абуна: – Дурго гьабулеб иш дагьаб хехго гьабе, – ян. 28 Амма кваналел рукІаразул цонигиясда бичІчІичІо щай ГІисаца гьедин абурабали. 29 ГІарац жаниб лъураб таргьа Ягьудахъ букІиндал, цо-цоязда ккана байрамалде къваригІараб-тараб босизе яги цо мискинчиясе садакъа кьезе айилан абулеб бугин. 30 Чадил кесекги босун, Ягьуда вахъун къватІиве ана. Сордо нахълъараб заман букІана гьеб. 31 Ягьуда къватІиве аравго, ГІисаца абуна: – ГІадамил Лъимер машгьурлъана гьабсагІат. Гьесдалъун Аллагьги машгьурлъана. 32 Гьесдалъун Аллагь машгьурлъун вугелъул, живго ГІадамил Лъимерги машгьурлъиларищ Аллагьасдалъун. Аллагьас цІакъ хехго машгьур гьавила гьев. 33 Дир хириял лъимал, нужеда аскІов гІемераб мехалъ хутІиларо дун. Дун валагьулел рукІина нуж. Дица ягьудияздаги абуна дун унеб бакІалде нужеда рачІине кІоларилан, гьединго нужедаги абулеб буго гьанже: «Нужеда рачІине кІолеб бакІ гуро доб дун унеб бакІ». 34 Цо цІияб амру гьабила дица нужее: цоцазе рокьа нуж. Дие нуж рокьарал гІадин рокьа нуж цоцазеги. 35 Нуж цоцазе рокьулел рукІиналдасан киназдаго лъала нуж дир муридал рукІин. Симон Пётрица гьикъана: – Я, БетІерчІахъад! Киве инехъин мун вугев? 36 ГІисаца гьесие жаваб кьуна: – Гьанже дун унев вугеб бакІалде дуда вачІине кІвезе гьечІо. Цинги нахъа вачІина мун. 37 Пётрица гьикъана: – Я, БетІерчІахъад, гьанже щай кІолареб дида дуда хадув вачІине? Дуе гІоло дица рухІги кьела. 38 ГІисаца абуна: – Дие гІоло рухІ кьезе хІадурав чийищха мун? ХІакълъун абулеб буго дица дуда: хІелеко бахъиналде лъабцІул инкар гьабила дуца дидаса.

14

1 ГІисаца абуна: – РакІ къварилъун рукІунге нуж. Нужерго Аллагьасде иман лъе, дидеги иман лъе. 2 Дир Инсул минаялъур гІемерал рукъзал руго. Гьел гІемер рукІинчІелани, гьедин абилароан дица. Нужее гьениб бакІ къачІазе унев вуго дун. 3 Гьениб нужее бакІ къачІан бахъиндал, дун тІадвуссун вачІина нуж дидаго цадахъ рачине, нужги дида аскІор рукІине. 4 Дун унев вугеб бакІалде нух лъала нужеда. 5 Фомаца гьикъана гьесда: – Я, БетІерчІахъад! Нижеда мун унев вугеб бакІ лъалеб гьечІелъул, гьенибе нух кин нижеда лъалеб? 6 ГІисаца жаваб кьуна: – Дун вуго нух. Дун вуго хІакъикъат. Дун вуго чІаголъи. Дидалъун гурони цониги инсан дир Инсухъе вачІине гьечІо. 7 Дун нужеда лъалев вугелъул, дир Эменги лъала нужеда. Жакъа къоялдаса нахъе нужеда гьев лъана ва нужеда гьев вихьана. 8 Филиппица абуна: – Я, БетІерчІахъад! Гьев дур Эмен вихьизаве нижеда. Гьебги гІела нижее. 9 ГІисаца абуна: – Гьабгощинаб мехалъ нужеда цадахъ вукІарав дун лъаларевищха, Филипп, дуда? Дун вихьарав чиясда дир Эменги вихьана. Дур Эмен вихьизавейилан щай дуца абулеб? 10 Мун божулагури дун Инсулъ вукІиналдаги, Эмен дилъ вукІиналдаги. Нужеда кІалъалаго дир кІалдисан бачІараб цониги рагІи дунго лъикІав лъугьун абичІо дица. Дир щибаб ишги дилъ вугев дир Инсуца гьабураб буго. 11 Дун Инсулъ вукІиналдаги, Эмен дилъ вукІиналдаги божа нуж. Гьелда божичІони, дир хІикматал ишаздагІаги божа. 12 ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: дида божулев чиясда кІвезе буго дица гьабурабги гьабизе, жеги цІикІкІунги гьабизе, гьанже дун дирго Инсухъе ине вугелъул. 13 Дица тІубазабила, дир цІар рехсон нужеца щиб гьараниги, – Васасдалъун Эмен машгьурлъизе. 14 Дир цІар рехсон нужеца щиб дида гьараниги, гьеб дица тІубазабила. 15 Дун нужее вокьулев ватани, дир амруязда рекъон хьваде. 16 Дица Инсуда гьарила ва гьес нужехъе битІила абадул абадиялъ нужедаса батІалъичІого нужер ракІбатизабулеб 17 РитІухълъиялъул РухІ. ГІаламалъ гьеб къабул гьабизе гьечІо, гІаламалда гьеб лъаларелъул, бихьуларелъул. Амма нужеда гьеб лъала, гьеб гьабсагІатги нужеда аскІоб бугелъул ва кидаго нужелъ букІинеги бугелъул. 18 Дица нуж бесдаллъун теларо. Дун нужехъе вачІина. 19 Цодагьаб мехалдасан дун ина гІаламалда вихьуларелъуве, амма нужеда дун вихьила. Дун чІаго вугелъул, нужги чІаго рукІина. 20 Гьеб къоялъ лъала нужеда дун дирго Инсулъ вугевлъи, нуж дилъ ругеллъи, дун нужелъги вугевлъи. 21 Дир амру жиндихъ бугев ва гьеб тІубазабун хьвадарав чи ккола дун вокьулев чи, дун вокьулев чи дир Инсуеги вокьила, диеги вокьила ва гьев чиясе дица дунго загьир гьавила. 22 Ягьудаца (Ягьуда Искариот гуро гьев) гьикъана: – Я, БетІерчІахъад, гІаламалъего загьир гьавичІого, цохІо нижее мунго загьир гьавиялъул магІна щиб? 23 ГІисаца гьесие жаваб кьуна: – Дун вокьулев чияс дир рагІи рекІелъ цІунила, гьев дир Инсуе вокьила. Цинги ниж гьев чиясухъе рачІина, ва нижер чІей гьесухъ букІина. 24 Дун вокьуларев чияс дир рагІи рекІелъ цІунуларо, амма нужеда рагІараб рагІи дир гуро, дун витІарав дир Инсул буго. 25 Дун нужеда цадахъ вукІаго абун толеб буго дица гьеб. 26 Нужер ракІбатизабулеб ва дун хисун нужехъе БетІергьанас битІизе бугеб Илагьияб РухІалъ кинабго малъила нужеда ва дица малъун тарабщинабги ракІалде щвезабила. 27 Дица нужее рекъел толеб буго, дирго рекъел кьолеб буго дица нужее, дуниялалъ кьолеб бугеб гІадин гуребха дица нужее гьеб кьолеб бугеб! РакІ къварилъун рукІунге ва хІинкъуге нуж! 28 Нужеда рагІанагури дица абулеб дун нужеда аскІоса инин ва нужеда аскІове тІадвуссун вачІинилан. Нужее дун вокьулев ватани, нуж рохизе ккола дица Инсухъе унев вугилан абидал. Дир Эмен дидаса гІемерго тІадегІанав вугелъул! 29 Дица нужеда цебеккунго бицун толеб буго, гьеб кинабго дица бицухъе лъугьараб мехалъ, нуж дида божизе. 30 Дагьаб заман хутІана дие нужгун кІалъазе. Дуниялалъулго кверщелчи тІаде щолев вуго, амма дун гьесул кверщаликь вугев чи гуро. 31 Дирго Эмен дие вокьулевлъи гІаламалда лъазе гІоло тІубазабула дица гьес дие амру гьабурабщинаб. Гьанже тІаде рахъа, гьаниса нахъе рилълъине ккола нилъ.

15

1 ГІисаца абуна: – ХІакълъунго дун ккола цІолбол гъабу. Дир Эменги ккола ахикь гьеб чІарав ахихъан. 2 ТІад цІибил бижуларел дир чІорал гьес къунцІун нахъе рехула. ЦІибил бижулел чІорал гьес кІурула, гьезда тІад дагьабги цІикІкІун цІибил бижизе. 3 Дица нужеда абураб рагІудалъун нуж рацІцІалъун руго. 4 Нуж дилъ рукІа, дун нужелъги вукІина. Гъабудаса къунцІараб чІоралда цІибил бижулареб гІадин, дилъ рукІинчІони, нужедасаги щибго пайда букІинаро. 5 Дун ккола цІолбол гъабу, нуж ккола гьелъул чІорал. Гьев чи дилъ вугони, дун гьесулъги вугони, гьеб чІоралда тІад гІемераб цІибил бижила. Дидаса ратІалъун нужеда щибниги гьабизе кІоларелъул. 6 Амма гьев чи дилъ гьечІони, цІолбол гъабуялдаса къунцІараб чІор гІадин, нахъе рехула гьев. Ахикьа ракІарун цІадаре ран рухІула гьединал чІорал. 7 Нуж дилъ ругони, дир рагІабиги нужелъ хутІани, гьебмехалъ нужеца гьарарабщинаб лъугьина. 8 ЛъикІаб гъабуда цІибил цІикІкІун бижулеб гІадин, нужедаса пайдаги цІикІкІани ва нуж дир унго-унгоял муридаллъунги ругони, дир Инсул машгьурлъи цІикІкІина. 9 Инсуе дун вокьулев гІадин, дие нужги рокьула. Нужеде бугеб дир рокьи тІезе биччаге нужеца. 10 Дирго Инсул амру дица тІубазабидал, гьесул рокьи дидаса тІолеб гьечІеб гІадин, дир амру нужеца тІубазабуни, дир рокьиги тІезе гьечІо нужедаса. 11 Дица гьаб кинабго нужеда бицунеб буго, дир бугеб рохел кидаго нужераблъун хутІизе ва нужер рохел киданиги тІаса камунгутІизе. 12 Гьале нужее дир амру: дие нуж рокьулел гІадин, рокье нуж цоцазеги. 13 Гьудулзабазе гІоло жиндирго рухІ кьолев чиясулалдаса кІудияб рокьи букІунаро ракьалда. 14 Дир амруял нужеца тІуразаруни, нуж дир гьудулзаби руго. 15 Дица тІокІаб нужеда лагъзалилан абиларо, лагъасда лъаларелъул гьесул бетІергьанас щиб гьабулеб бугебали. Дица нужеда гьудулзабийилан абулеб буго, дир Инсудасан рагІарабщинаб дица нужеда лъазабидал. 16 Дун нужеца тІаса вищичІо, дица нуж тІаса рищана ва ритІана, гъабул чІоралда тІад цІибил гІадин, пайда цІикІкІинабизеги, гьеб абадиялъго хутІизеги, дир цІар рехсон гьарарабщинаб дир Инсуца нужее кьезеги. 17 Гьале нужее дир амру: цоцазе рокьа нуж. 18 ГІаламалда нуж рихани, нужеда ракІалде щва нужедасаги цеве дун гьезда рихун вукІаравлъи. 19 Гьаб гІаламалда релълъарал нуж рукІаралани, нилъерго чагІийин абун рокьилаан нужги гьезие. Гьезие нуж рокьуларо, гьезда релълъаралги гьечІелъул ва дица нуж гьезда гъорлъа тІаса рищунги ругелъул. 20 Жиндирго бетІергьанасдаса лагъ тІадегІанав вукІунарилан дица абун букІараб ракІалда бугищ нужеда? Дие гІазаб-гІакъуба кьураб гІадин, нужееги кьела. Дихъ гІенеккарал гІадин, нужехъги гІенеккила. 21 Гьеб кинабго гІазаб-гІакъуба дир цІар сабаблъун гьабила нужее, гьезда лъалев гьечІелъул дун витІарав Аллагь. 22 ВачІун дица гьезда бицун букІинчІебани, гьезие мунагь букІинароан, гьанже жидерго мунагь бахчизе гІилла-сабаб батиларо гьезда. 23 Дун рихарасда дир Эменги рихина. 24 Цогидаздасан киданиги загьирлъичІел мугІжизатал дица гьезда рихьизарун рукІинчІелани, гьезие мунагь букІинароан. Амма гьеб кинабго бихьаниги, рихун руго гьезда дунги дир Эменги. 25 Гьаб кинабго лъугьунеб буго гьезул къануналда бугеб гьадинаб калима ритІухълъизе: «ГІиллаго гьечІого рихана гьезда Дун». 26 Нужер ракІбатизабизе дир Инсудасан бачІунеб РитІухълъиялъул РухІ Инсухъан дица нужее битІараб мехалъ, гьелъги нугІлъи гьабила дие. 27 Нужецаги нугІлъи гьабила дие, авалалдаса бахъарабго ругелъул нуж дида цадахъ.

16

1 Гьеб кинабго дица нужее бицунеб буго нуж къосинчІого хутІизе. 2 Нуж синагогаялдаса къватІире гъела. Нуж чІвалев чиясда гьанже Аллагь жиндаса разилъилилан ракІалде кколебгицин заман бачІунеб буго. 3 Гьез гьеб гьабила я дун, яги дир Эмен гьезда лъачІелъул. 4 Дица нужеда гьаб бицун толеб буго, гьединаб заман бачІараб мехалъ гьалъул хІакъалъулъги ГІисаца нижеда бицун букІанилан нужеда ракІалде щвезе. Дун нужеда цадахъ вукІиндал бицун букІинчІо дица гьеб нужее гьанжелъизегІан. 5 Гьанже дун унев вуго дун ВитІарасухъе, ва нужер цонигияс гьикъиларо мун киве унев вугевилан. 6 Гьале, дица гьеб бицараб мехалъ, нужер рекІелъе пашманлъи лъугьана. 7 Амма хІакълъун абулеб буго дица нужеда: дун ун лъикІ нужее. Дун инчІони, нужер ракІбатизабулеб РухІ бачІине гьечІо. Инеги ун, дицайин нужехъе гьеб битІизе бугеб. 8 БачІун гьелъ загьирлъизарила гІаламалъул мунагьалги, дир ритІухълъиги, суд гьабулеб къо тІаде гІунтІулеб букІинги. 9 «ГІаламалъул мунагьаздасан» бичІчІула – диде иман лъечІолъи; 10 «дир ритІухълъиялдасан» бичІчІула – дун дирго Инсухъе унев вукІинги тІокІав нужеда вихьизе гьечІевлъиги. 11 «Суд гьабулеб къоялдасан» бичІчІула – гьаб дуниялалъул кверщелчиясе тамихІ гьабун букІин. 12 ГІемераб жо бугоан дир нужеда бицине, амма гьеб кинабго жеги нужер ургьибе унаро. 13 ХІакъабщинаб загьирлъулеб РухІ рещтІараб мехалъ, гьелъ бицина нужее хІакъабщиналъул. Жибго лъикІаб лъугьун гурелъул гьеб кІалъазе бугеб, жиндаго рагІарабщинаблъидал гьелъ бицине бугеб нужехъе рещтІараб мехалъ. 14 Гьеб РухІалъ дун машгьурлъизавила. Дихъ бугебаб, дихъаги босун, нужее загьир гьабила гьелъ. 15 Дир Инсул бугебщинаб дирги буго. Гьединлъидалин дица абураб дихъ бугебаб, дихъа босун, нужее загьир гьабулеб бугин гьелъилан. 16 КватІичІого дун нужеда вихьуларелъуве ина. Цинги гІемерго кватІичІого вихьизеги вихьила нужеда дун. 17 Гьебмехалъ цо-цо муридазда гьоркьоб гьадинаб кІалъай ккана: – КватІичІого жив нужеда вихьуларелъуве инилан, цинги гІемерго кватІичІого вихьизеги вихьилилан абулеб буго, жиндирго Инсухъе иналъул бицунеб буго. Гьелъул магІнагІаги щибдай? 18 Цоги гьез абулеб букІана: – КватІичІогойилан абураб рагІул магІна щибдай? Гьес бицунеб жо нилъеда бичІчІулеб гьечІогури. 19 Жиндие суалал кьезе муридазе бокьун бугеблъи лъан, ГІисаца гьезда абуна: – КватІичІого вихьуларелъуве инин, цинги гІемер кватІичІого вихьизеги вихьилин абурал дир рагІабазул магІна лъазе бокьун гурищ нуж цоцазда цІехолдулел ругел? 20 ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: дида хадур магІаби гьарун гІодила нуж. Амма гІалам бохила. Нуж пашманлъила, амма гьеб нужер пашманлъи рохелалде сверила. 21 Лъимер гьабизе заман щун, хІара чІварай чІужугІаданалъе гІазаб букІуна. Амма лъимер гьабурабго, гьеб гІазабги кІочон тун, гьей йохула гьаб дуниялалде цоги инсан вачІинавунин жинцайилан. 22 Гьедин нужги гьанже пашманго руго, амма нахъеги дида нуж рихьараб мехалъ, рохалил цІела нужер ракІал ва гьеб рохелги нужехъа лъицаниги бахъиларо. 23 Гьеб къоялъ нужеца дида щибниги гьикъиларо. ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: нужеца щиб гьараниги, дир цІаралъе гІоло, кьела нужее дир Инсуца. 24 Дир цІар рехсон нужеца гьанжелъагІан щибниги гьаричІо. Гьанже гьаре нужерго, гьарараб щвела, нужер рохелги тІаса камиларо. 25 Гьаб киналъулго хІакъалъулъ мисал бачун бицунаан нужеда дица. Амма тІаде щолеб буго, мисалал рачинчІого, Инсул хІакъалъулъ рагьун нужеда лъазабизе бегьулеб заман. 26 Гьеб къоялъ дир цІар рехсон гьардела нуж. Нужер рахъалъ Инсуда щибниги гьарилилан абулеб гьечІо дица нужеда. 27 Дир Инсуе жиндиегоги рокьула нуж, нужее дунги вокьидал ва дун Аллагьас витІун вукІиналдаги божидал. 28 Дун Инсуца витІун вачІана гьаб дуниялалде, гьанже, дуниялги тун, Инсухъе тІадвуссун унев вуго. 29 – Гьанже нижеда бичІчІуледухъ, цониги мисал бачинчІого, бицунеб бугоха дуца, – ян абуна муридаз. – 30 Нижеда бичІчІана дуе суал кьелалдего дуда кинабго лъалеблъи. Гьединлъидал ниж божула мун Аллагьас витІарав вукІиналда. 31 – Гьанже божанищ нуж? – ан абуна ГІисаца. – 32 Гьале тІаде щолеб буго, дунги вукІаралъув тун, нуж рахъ-рахъалде тІурун унеб заман. ТІаде щунго буго гьеб! Амма дун дунго цохІо хутІизе гьечІо, дида цадахъ дир Эмен вугелъул. 33 Дица гьаб нужеда бицана, дилъ нужеда рекъел батизе. Гьаб дуниялалда нужее гІазаб-гІакъуба букІина. Амма нуж къвакІун чІа. Дун гьаб дуниялалдаса бергьана.

17

1 Муридазе гьеб хабар бицун бахъарабго, зобалаздеги валагьун, ГІисаца абуна: – Я, дир Эмен! Дир болжал тІаде щвана. Дурго Вас машгьурлъизаве, гьес мунги машгьурлъизавизе. 2 ТІолабго гІаламалда тІад ихтияр кьуна дуца гьесие, дуца жиндихъе кьуралщиназе Васас абадияб гІумру насиблъизабизе. 3 Абадияб гІумру ккола ХІакъав ва Цогояв Аллагь мунги ва дуца витІарав МасихІ ГІисаги лъай. 4 Дуца тІадкъараб ишги тІубазабун, дица гьаб ракьалда мун машгьурлъизавуна. 5 Я, дир Эмен! Гьаб дуниял бижилелдего, дун дуда аскІов вукІараб мехалъ, дир букІараб машгьурлъиялдалъун машгьурлъизаве гьанжеги дуца дун. 6 ГІаламалда гьоркьоса дуца дихъе кьурал гІадамазе рагьана дица дур цІаралъул хІакъикъат. Гьел дур рукІана, цинги гьел дуца дихъе кьуна ва гьел дур рагІухъ гІенеккана. 7 Гьанже гьезда лъана дуца дие кьурабщинаб дудасан бугеблъи. 8 Дуца дихъе кьурал рагІаби дица гьезие кьуна, гьез гьел къабулги гьаруна. ХІакълъунго гьезда бичІчІана дун дудасан вачІарав вукІин ва дун дуца витІун вукІиналдаги божана. 9 Гьезие гІоло гьарулеб буго дица дуда. Дуниялалда ругел киналго гІадамазе гІоло гуреб, дуца дихъе кьуразе гІолойин, гьел дур ругелъул. 10 Дир ругелщинал дур руго, дур ругелщинал дирги руго. Гьезулъги машгьурлъана дун. 11 Дун гьанже гьаб дуниялалда вукІинаро, амма гьалги гьаб дуниялалда тун вачІунев вуго дун духъе. Я, дир Илагьияв Эмен! Нилъ цого ругел гІадин, гьелги цого рукІинаре, дуца дие кьураб дур цІаралдалъун. 12 Дун гьезда цадахъ вугеб мехалъ, дица гьел хвалде ине риччачІого цІунана дуца дие кьураб дур цІаралдалъун. Цо чи хутІизегІан цІунана. Гьев хвалде ана, гьелъул хІакъалъулъ ТІехьалда хъвараб ритІухълъизе кколеб букІиндал. 13 Гьанже дун духъе вачІунев вуго. Дун дуниялалда вугебгІан заманаялъ дица гьаб гьазда бицунеб буго, дидаса бугеб гьазул рохел тІаса камунгутІизе. 14 Дица дур рагІи гьазухъе кьуна ва гьаб гІаламалда рихана гьал, дун гьаб дуниялалъул чи гурев гІадин, гьалги гьаб дуниялалъул чагІи гурелъул. 15 Гьаб гІаламалда гьоркьоса гьал нахъе рачейилан гуро гьарулеб бугеб, гьанир гьал илбисалдаса цІунеян гьарулеб буго дица. 16 Дун гьаб дуниялалъул чи гурев гІадин, гьалги гьаб дуниялалъул чагІи гуро. 17 ХІакъаб къудраталдалъун дуца гьал дуе хъулухъалъе ратІа гьаре. Дур рагІи хІакъаб буго. 18 Дуца дун гІаламалъухъе витІарав гІадин, дица гьалги гІаламалъухъе ритІулел руго. 19 Дуе хъулухъалъе дуца дун ватІа гьавуна, хІакъаб къудраталдалъун гьалги ратІа гьаре. 20 ЦохІо гьазул рахъалъ гуребги, гьазул рагІудалъун диде иман лъезе бугелщиназул рахъалъги гьарулеб буго дица: 21 Я, дир Эмен, гьал цолъун рукІаги мун дилъ вугев гІадин, – дун дулъ вугев гІадин, гьалги нилъелъ рукІине риччанте, – дун дуца витІун вукІиналда гІалам божизе. 22 Дуца дие кьураб машгьурлъи дица гьазиеги кьуна. Дунги Мунги гІадин цолъун рукІине риччанте гьалги. 23 Дун гьазулъ вукІина, мун дилъги вукІина, риччанте гьал тІубанго цоцалъ цолъун рукІине ва гьелдалъун гІаламалда лъазе дун дуца витІун вукІаравлъиги ва дун гІадин дуе гьал рокьулеллъиги. 24 Я, дир Эмен! Гьанир дуца дихъе кьурал гІадамал гьенирги дида аскІор рукІине бокьун буго дие. Дуниял бижилелдего вокьулев вукІиндалха дуе дун. Дуца дун машгьурлъизави гьазда бихьизе. 25 Я, дир РитІухъав Эмен! ГІаламалда мун лъачІо, амма дида лъала мун, гьаздаги лъана дун дуца витІаравлъи. 26 Дур хІакъалъулъ рагьун бицана дица гьал гІадамазда, хадубккунги бицина, дуца дие кьураб рокьи гьазиеги гІахьалаб букІине ва дун гьазулъ хутІизе.

18

1 Гьеб дугІа лъугІун хадуб, жиндирго муридалгун цадахъ, ГІисаца Кедрон лъар бахана. Гьеб рахъалда букІараб цо ахикье ун, муридазда цадахъ гІодов чІана. 2 Гьесие хилиплъарав Ягьудадаги лъалаан гьеб бакІ. Жиндирго муридалгун ГІиса чанги вачІунаан гьениве. 3 Гьединлъидал Рималъул рагъухъабиги чІахІиял кашишзабазги фарисеязги ритІарал Мукъадасаб Рукъалъул хъаравулзабиги рачун вачІана Ягьуда гьениве. Гьезухъ букІана ярагъги, канлъуе бакараб канги, чирахъалги. 4 Гьениб жиндие ккезе бугебщинаб цебеккунго лъалев ГІисаца, данде ун, гьезда гьикъана: – Щив нужеца валагьулев вугев? – абун. 5 – Назареталдаса ГІиса валагьулев вуго, – ян жаваб кьуна гьез. – Дун вуго Дов, – ан абуна ГІисаца. Хиянатчи Ягьудаги вугоан гьезда гьоркьов. 6 Жив Дов вугилан ГІисаца абидал, киналго нахъегІан къана ва ракьалда гІодор ккана. 7 Нахъеги гьикъана гьезда щив валагьулев вугевилан. Гьез абуна Назареталдаса ГІиса валагьулев вугилан. 8 ГІисаца абуна: – Дица абунагури нужеда дун Дов вугилан. Дун валагьулев вугев ватани, гьал нахъе риччай. 9 (Гьедин гьес абуна жинцаго дугІадулъ рехсараб гьадинаб калима ритІухълъизе: «Дуца дихъе кьуразул цонигияв хвалде ине виччачІого цІунана дица».) 10 Гьебмехалъ Симон Пётрица хвалчен лъалиниса бахъана ва цохІо хьвагІаралъ цо рагьтІателасул кваранаб гІин къотІана. (Бищунго кІудияв кашишасул гьев рагьтІателасда цІар Малх букІана.) 11 – Дуца хвалчен лъалиниб лъе, – ян абуна ГІисаца Пётрида. – Дир Инсуца дихъе кьураб лълъар гьекъечІого бегьилищ дица? 12 Гьебмехалъ азарилбетІерасги, Рималъул рагъухъабазги, ягьудиязул Мукъадасаб Рукъалъул хъаравулзабазги, кквезеги ккун, вухь-вухьана ГІиса. 13 Цин гьев вачана гьеб соналъ бищунго кІудияв кашишлъун вукІарав Кайафал вакьад Гьаннал бакІалде. 14 Гьев Кайафа вукІана тІолабго халкъ хвеялдаса цо чи хвей лъикІилан добмехалъ ягьудиязе гІакълу кьурав чи. 15 ГІисада хаду-хадур рачІунел рукІана Симон Пётрги цоги муридги. Гьев мурид кІудияв кашишасда лъалев чи вукІиндал, ГІисада хадув гьесул азбаралъуве лъугьана. 16 Пётр къватІивехун кавудахъ чІун вукІана. Цинги кІудияв кашишасда лъалев дов мурид къватІиве вачІана ва, кІалтІа хъаравуллъиялда йикІарай ясалдаги абун, Пётрги азбаралъуве виччазавуна. 17 Гьебмехалъ гьей ясалъ Пётрида гьикъана: – Гьадав чиясул муридцин гурищ мунги? Гурилан абуна Пётрица. 18 Квачараб сордо букІана гьеб. Лагъзадерицаги Мукъадасаб Рукъалъул хъаравулзабацаги азбаралъуб цІа бакана. Пётрги чІана гьезда аскІов цІадухъ. 19 КІудияв кашишас ГІисада цІехолеб букІана гьесул муридазулги ва гьезда малъараб диналъулги хІакъалъулъ. 20 ГІисаца гьесда абуна: – Дица халкъалъе хабар бицунаан киназдаго бихьун, киназдаго рагІун. Ягьудиял ракІарараб бакІалда синагогаялъуб яги Мукъадасаб Рокъоб гьабулаан дица вагІза-насихІат. Балъго дица лъиданиги щибниги бицунароан. 21 Дида щай дуца гьеб гьикъулеб? Дихъ гІенеккун рукІаразда гьикъе щиб дица бицунеб букІарабилан. Гьале гьаздаги лъала щиб дица бицарабали. 22 ГІисаца гьедин абидал, аскІов вукІарав Мукъадасаб Рукъалъул цо хъаравулас кІаркьен чІвана гьесул: – Гьединищ дуца кІудияв кашишасе жаваб кьолеб бугеб? – анги абун. 23 ГІисаца гьесда абуна: – Дица мекъи абулеб бугеб батани, дуца гьал киназдаго цебе гьеб мекъи букІин чІезабе. Дица битІараб бицунеб бугеб батани, дуца дида кьабиялъе гІилла щиб? 24 Вухь-вухьун вугев ГІиса бищунго кІудияв кашиш Кайафал бакІалде вачейилан амру гьабуна гьебмехалъ Гьаннаца. 25 Симон Пётр хинлъизе цІадухъ вахъун чІун вукІана. – Мунги досул муридищ? – ан гьикъана цояс. Гурилан нагІадала ккуна гьес. 26 КІудияв кашишасул цо рагьтІателас (гьев вукІана Пётрица гІин къотІарасул гІагарав чи) Пётрида гьикъана: – Дова ахикь гьадасда цадахъ дида вихьарав чи гурищ мун? 27 Жив гьенив вукІинчІилан нахъеги нагІадала ккуна Пётрица. Гьеб параялда хІелеко гІегІедана. 28 Кайафал бакІалдасаги ГІиса вачана сардарасул кІалгІаялде. ХъахІлъи балеб букІана. Жалго хъублъизе бокьичІого, ягьудиял кІалгІаялъуре лъугьинчІо, Пасхаялъул хирияб кванде ине кколел рукІиндалха гьел. 29 Живго Пилат вачІана къватІиве. Гьев чиясде нужеца гІунтІизабулеб бугеб гІайиб-хатІа щибилан гьикъана гьес. 30 Гьав такъсирчи вукІинчІевани, нижеца духъе вачинароанилан жаваб кьуна гьесие ягьудияз. 31 Пилатица абуна: – Вачун нужерго къануналда рекъон къотІе гьесие хІукму. Ягьудияз абуна чи чІвазе къотІизе жидер ихтияр гьечІилан. 32 (Гьеб гьедин ккана живго кин холевали ГІисаца цебеккунго бицун букІарабги ритІухълъизе гІоло.) 33 Гьебмехалъ Пилат кІалгІаялда жаниве лъугьана. ГІисаги вачун вачІана гьениве. – Мунищха кколев жугьутІазул парччахІ? – абун гьикъана гьесда Пилатица. 34 ГІисацаги данде суал кьуна: – Дудаго ракІалде ккунищ дуца гьедин абулеб бугеб, яги цогидазищ дуда дир хІакъалъулъ гьедин бицараб? 35 Пилатица жаваб кьуна: – Дун жугьутІавиланищ дуда ккарав? Дур халкъалъги чІахІиял кашишзабазги кьуна мун дихъе. Щиб дуца гьабураб? 36 ГІисаца жаваб кьуна: – Дир ПарччахІлъи гьаб дуниялалда гуро бугеб. Гьанив дун ПарччахІ вукІаравани, дир нукарзаби дун цІунун рагъилаан, ягьудиязул хІакимзабаз дун кверде восизе виччалароан гьез. Амма гьанже дир ПарччахІлъи гьаниб гуро бугеб. 37 Пилатица абуна: – Кин бугониги мун ПарччахІ рагІулаха. Уйищ? – Дуца абулеб бугоха дун ПарччахІ вугилан. Дун гьавуна ва гьаб дуниялалде вачІана хІакъабщиналъе нугІлъи гьабизе. ХІакъабщинаб бокьулев кинавго чиясда рагІула дир гьаракь. 38 «ХІакъабщиналъул» магІна щибилан гьикъана Пилатица. Цинги гьев ягьудиязухъе къватІиве ана. ГІиса хъанчида вазе хІукму гьабула – Досда щибниги гІайиб-хатІа батулеб гьечІо дида, – ян абуна гьес гьезда. – 39 Пасхаялъул хІурматалда цо туснахъ къватІиве виччалеб гІадатги цІунун, гьадав «жугьутІазул ПарччахІ» нахъе виччазе бокьилищ нужее? 40 – Гьев виччаге, Барабба виччай! – ян ахІана гьез. (Барабба вукІана хъачагъ.)

19

1 Пилатица амру гьабуна, гьениса нахъе вачун, ГІиса цІалаца вухейилан. 2 Рагъухъабаз зазил хьухьун таж лъуна ГІисал ботІрода. БецІбагІараб ххамил гІабаги рехана гьесул мугъзаде. 3 Цинги аскІоре рачІун: «ЖугьутІазул парччахІ чІахъаги!» – ян ахІулаго, ГІисал гьумер бухулеб букІана гьез. 4 Пилатица, нахъеги къватІиве вачІун, ягьудиязда абуна: – ГІенеккея, дица дов къватІиве вачунев вуго, досда тІад гІайиб чІезабизе дида кІвечІеблъи нужеда лъан букІине. 5 Зазил тажги ботІрода лъун, багІараб гІабаги мугъзаде рехун, вачун вачІана ГІиса. – Гьале гьев чи! – ян абуна Пилатица. 6 Гьев вихьаравго чІахІиял кашишзабиги Мукъадасаб Рукъалъул хъаравулзабиги ахІдезе лъугьана: – Хъанчида вазе витІе! Хъанчида вазе витІе! Пилатица абуна: – Нужецаго вай гьав хъанчида. Дида кІоларо гьасда гІайиб чІезабизе. 7 Ягьудияз гьесда абуна: – Нижерги нижерго къанун буго. Нижер къануналда рекъон гьев чІвазе ккола, гьес жив Аллагьасул Вас вугилан абулеб бугелъул. 8 Гьедин гьез абулеб рагІидал, Пилат дагьавги цІакъ хІинкъана. 9 ГІисаги вачун, кІалгІаялъуве лъугьун, гьикъана гьесда: – Мун киса? – ян. ГІисаца жаваб кьечІо. 10 Пилатица гьесда абуна: – Дида кІалъаларилан чІунищ мун вугев? Дуда лъаларищ, дие бокьани, мун хъанчида вазе яги нахъе виччазе дир ихтияр букІин? 11 ГІисаца жаваб кьуна: – Аллагьасул къадар гьединаб букІинчІебани, дие щибниги гьабизе ихтияр букІинароан дур. Дуеялдаса цІикІкІараб мунагь букІина дун духъе кьуразе. 12 ГІисаца гьедин абидал, Пилатица хІаракат бахъулеб букІана гьев нахъе виччазе. Амма ягьудиял ахІдолел рукІана: – Дуца гьев нахъе виччани, къайсарасул гьудул вукІинароха мун. Живго парччахІлъун рикІкІунев чи – гьев ккола къайсарасда дандечІарав чи! 13 Ягьудияз гьедин абидал, Пилатица ГІиса къватІиве вачана. ГамачІ ккураб къотІнов (жугьутІ мацІалда гьелда цІар букІана «Габбата») суд гьабизе вахунеб тахида тІад гІодов чІана Пилат. 14 Гьеб букІана Пасхаялда цебесеб къоялъул къалъул гІуж. Пилатица ягьудиязда абуна: – Гьале нужер парччахІ! 15 Гьез ахІулеб букІана: – ВитІе, витІе, хъанчида вазе витІе! Пилатица абуна: – Нужер ПарччахІ хъанчида вазе витІизе бегьилищ дица? ЧІахІиял кашишзабаз ахІана: – Къайсар тун батІияв парччахІ гьечІо нижер! 16 Ахирги Пилатица ГІиса хъанчида вазе гьезухъе кьуна. Гьевги вачун рагъухъабиги ана. 17 Жиндирго хъанчги баччун, «Гвангвара» абулеб бакІалде (жугьутІазул мацІалда гьеб бакІалда цІар букІана «Голгота») вачана ГІиса. 18 Гьенив гьев хъанчида вана. КІиго чиги вана ГІисада цадахъ хъанчида: цо кваранаб рахъалда, цояв квегІаб рахъалда. ГІиса бакьулъе ккана. 19 Пилатица амру гьабун букІана: «Назареталдаса ГІиса – жугьутІазул парччахІ» абун хъвараб хъарщи чІвайин ГІисал хъанчида. 20 ЖугьутІазул, греказул ва латиназул мацІалда хъван букІиндал, гІемерал ягьудияз цІалана гьеб. Гьеб бакІ шагьаралде гІагардаго букІиндал, гІемерав чи вачІун вукІана гьениве. 21 Ягьудиязул чІухІби-хІакимзабаз Пилатида абуна: – «ЖугьутІазул парччахІ» – абун хъвазе бегьулароан букІараб. Гьелда хъвазе ккола «Гьас абулеб букІана жив жугьутІазул парччахІ вугилан». 22 – Дица хъвавухъе те, – ян абуна Пилатица. 23 ГІисаги хъанчида ван, рагъухъабаз гьесул ретІел жидеего босана ва ункъасдаго гьоркьоб бикьана. Къвалалгун цадахъ бессун гьабураб, букъараб бакІго гьечІеб халатаб сугърал гурдеги щвана гьезие. 24 Гьез хІукму гьабуна тІутІун хвезабичІого, можоро бахъун бергьарасе тезе. Гьедин гьабизеги гьабуна рагъухъабаз, ва ТІехьалда хъван букІараб гьадинаб калима ритІухълъана: «Дир ретІел гьез жидедаго гьоркьоб бикьана. Дир гурде лъие щвелебали можоро тІамуна гьез». 25 ГІисал хъанчида цере рахъун чІун рукІана гьесул эбелги, гьесул эбелалъул яцги, Клеопал чІужу Марямги, Магдалаялдаса Марямги. 26 Эбелги жиндие вокьулев муридги гьенир чІун рихьидал, жиндирго эбелалда ГІисаца абуна: – Я, дир эбел! Гьалеха дур вас! – ан. 27 Цинги гьес гьев муридасда абуна гьанже гьей дур эбел кколилан. Гьев муридас нахъа ГІисал эбел жиндаго аскІое ячана. 28 Гьелдаса хадубги ГІисада лъана кинабго ТІухьдуз бицухъе кколеб букІин. ТІехьалда бугеб ритІухълъизе гьес абуна жив къечон вугилан. 29 ЦІекІаб чогърол цІураб парччи букІана рагъухъабазухъ. Гьеб чогъролъ чІортоги ччун, иссоп абулеб цо гъотІодаса къотІараб гІералда бухьун, гьеб ГІисал кІутІбузда хъвазабуна. 30 Чогърол тІагІам мацІалде бачІиндал: «ТІубана!» – ян абуна ГІисаца. Гьесул бетІер каранде далана ва рухІ босун ана. 31 Гьеб букІана рузман къо. Ягьудиязе бокьичІо гьезул къаркъалаби шамат къоялъги хъанчазда равухъе тезе. (Гьеб шамат къо кІудияб байрамалъул къо букІана.) Гьединлъидал гьез Пилатида гьарана бохдул рекун хвезеги гьарун, гьезул жаназаби хъанчаздаса рахъизе изну кьейилан. 32 РачІун рагъухъабаз бохдул рекана ГІисада цадахъ хъанчида ван вукІарав дов кІиявго чиясул. 33 ГІисаде ирга щведал, гьев хун ватана гьезда. Гьединлъидал гьесул бохдулги рекичІо. 34 Амма цояс гьесул хьолболъ хеч тункана. Ругънадасан гьулчун бачІана биги лъимги. 35 Гьелъул хІакъалъулъ бицана жиндир беразда гьеб бихьарав чияс. Гьес гьеб бицана нуж божизе бокьун. Гьес бицарабги битІараб буго. Гьесда лъала жинца битІараб бицунеб бугеблъи! 36 Гьеб гьедин ккана ТІехьалда бугеб гьадинаб калима ритІухълъизе: «Гьесул ракьа бекизе къотІи гьечІо». 37 Цоги ТІехьалда хъван буго: «Хечалъ черх борлъарасухъ ралагьун рукІина гьел». 38 Ягьудиязул заралалдаса хІинкъун балъгого ГІисае муридлъи гьабулев вукІарав Ариматеялдаса Юсупин абулев цо чи ана Пилатихъе, ГІисал жаназа букъизе изну кьейилан гьарун. Пилатица изну кьуна. ВачІун гьев чияс ГІисал жаназа хъанчидаса бахъана. 39 Доб цо сордоялъ ГІисахъе ун вукІарав Никодемги вачІана нусго гелавка нахулги босун. БатІи-батІиял хурдузул бахъараб нах букІана гьеб. 40 ЖугьутІазул гІадаталда рекъон, махІ берцинаб нахулъ ччун мусралги ран, къачІана гьез ГІисал жаназа. 41 Гьев хъанчида вараб бакІалда аскІоб цо ах букІана. Гьеб ахикь букІана нохъода бикІун къачІараб, жанив чи лъечІеб хоб. 42 Метер шамат къоялде жугьутІал хІадурлъулеб къо букІиндал, хобги гІагардаго букІиндал, хехго гьенив вукъана гьез ГІиса.

20

1 Анкьил тІоцебесеб къоялъ хъахІлъи балалдего яхъун Магдалаялдаса Марям ГІисал хабаде щвана. Хабал нохъодул кІалтІаса гамачІ нахъе гиризабун батана гьелда. 2 Екерун ун гьелъ Симон Пётридаги ва ГІисае вокьулев вукІарав дов муридасдаги бицана ТІадегІанав ГІиса хабалъ гьечІин, гьениса восун кив гьев лъуравалиги лъаларин нижеда. 3 ГьебсагІат рахъун Пётрги дов муридги ГІисал хабаде ана. 4 КІиялго цадахъ рекерулел рукІана гьел, амма дов мурид тулакав вукІун, Пётридаса цеве щвана гьениве. 5 Жаниве къулун валагьидал, мусрал рихьана гьесда гьенир, амма нохъоде гьев лъугьинчІо. 6 ТІаде щун хабал нохъоде лъугьарав Пётридаги рихьана гьенир мусралги 7 ГІисал бетІер бухьун букІараб квербацІцІги. Гьеб квербацІцІ мусраздаса батІаго гура-сурун лъун бугоан. 8 ТІоцеве гьениве щварав дов муридги лъугьана жаниве. ГІисал хоб чІобого бихьидал, божана гьев. 9 ГІиса хваралъуса вахъинилан ТІухьдузда бихьизабун букІаралъул магІна жеги бичІчІун букІинчІо гьезда. 10 Цинги гьел муридал рокъоре ана. 11 Дой Марям хутІана къватІиехун яхъун чІун гІодулей. Цинги гІодулаго гьейги къулана хабалъе. 12 ГІисал жаназа букІараб бакІалда къаданив гІодов чІун цояв, хІатІаахада гІодов чІун цогияв – хъахІаб гІабаги ретІарав кІиго малаик вихьана гьелда. 13 Гьез Марямида гьикъана: – Йо, чІужугІадан, щай мун гІодулей йигей? Гьелъ абуна: – Дир ТІадегІанав гьаниса нахъе восун ун вуго, кив гьев лъуравалиги лъалеб гьечІо дида. 14 Гьединги абун нахъехун юссиндал, ГІиса ватана нахъа чІун. Амма гьелда лъачІо гьев ГІиса вукІин. 15 ГІисаца гьикъана: – Йо, чІужугІадан, щай мун гІодулей йигей? Щив дуца гьанив валагьулев вугев? Ахихъан ватилин гьевилан ккун, Марямица абуна: – Я, бетІерчІахъад, дуца гьасул жаназа хабалъа бахъараб батани, киб гьеб лъурабали бице. Дица нахъе босила гьеб. 16 – Марям! – абун, цІар ахІун, кІалъана гьелда ГІиса. – Я, Раббуни! – ян ахІана Марямица кьурун гьесдехун юссун (МугІалим абураб магІна буго жугьутІ мацІалда гьеб рагІул.) 17 ГІисаца гьелда абуна: – Воре, дуца дун ккун чІезавуге, жеги дун дирго Инсухъе щун гьечІин. Гьанже дир вацазухъе ун, дуца гьезда бице ГІисаца абунин, дирги нужерги Инсухъе, дирги нужерги Аллагьасухъе тІадвуссун унев вугин дун. 18 Инеги ун Магдалаялдаса Марямица муридазда бицана жиндаго ТІадегІанав вихьиялъулги ва гьес жинда бицаралъулги хІакъалъулъ. 19 Анкьил тІоцебесеб гьебго къоялъул маркІачІумехалъ ягьудияз жидеего зарал гьабилилан хІинкъун, нахъасан нуцІаги рахан муридал ругеб мехалъ, жаниве лъугьун, ракълида хутІагийилан саламги кьун, рукъ бакьулъ вахъун чІана ГІиса. 20 Цинги гьес жиндирго квералги хьибилги рихьизаруна гьезда. ТІадегІанав ГІиса вихьиялдаса рохана муридал. 21 – Ракълида хутІаги! – ян такрарги гьабун, ГІисаца гьезда абуна: – Дир Инсуца дун витІарав гІадин, дица нужги ритІулел руго. 22 – Гьаб Илагьияб РухІ къабул гьабе, – янги абун, цинги пуна ГІисаца гьезда тІаде: – 23 Нужеца чурараб мунагь Аллагьасги чурила гІадамазул. Нужеца чуричІеб гьесги чуриларо. 24 АнцІила кІигоязда гьоркьоса «КІилъилав» абун тІокІцІар бугев мурид Фома вукІинчІо ГІиса вачІараб мехалъ гьезда аскІов. 25 ТІадегІанав ГІиса вихьанин жидедаян бицана цогидал муридаз Фомада. Амма гьес абуна, гьесул кверазда магІазул ругънал жиндаго рихьизегІан, магІаз лъурал ругъназда килищги хъвазегІан, хочоца лъураб ругънада кверги хъвазегІан, жив божиларилан. 26 Микьго къоялдасан, нуцІаги нахъасан рахан, гьенирго данделъун рукІана муридал. Фомаги вукІана гьенив. Рукъ бакьулъ вахъун чІун, ракълида хутІагийилан салам кьуна ГІисаца гьезие. 27 Цинги гьес Фомада абуна: – Бихьея, дур килищ кье дир кверазда ругел ругъназда хъвазе, дур кверги кье дихъе дир хьолбода бугеб ругънада лъезе. Дун чІаго вукІиналда щаклъуге, божа мун гьелда. 28 – Я, дир БетІергьан! Я, дир Аллагь! – ан абуна гьесда Фомаца. 29 ГІисаца гьесда абуна: – Дун вихьун, божана мун дида. Гьардарал гурищха дун вихьичІониги божулел гІадамал! 30 Гьаб тІехьалда хъвачІел цогидалги гІемерал хІикматал ишал гьаруна ГІисаца, жиндирго муридазда цадахъ гьев вукІараб заманаялда. 31 Амма гьаб хъвана гьев ГІиса Аллагьасул Вас МасихІ вукІиналде нужеца иман лъезе бокьун ва гьелдалъун нужее абадияб гІумру насиблъизеги бокьун.

21

1 Гьелдаса хадувги Тибериадаялъул ралъдахъ нахъеги вачІана ГІиса жиндирго муридазухъе. Гьадин ккана гьеб. 2 Симон Пётрги, КІилъилав абулев Фомаги, Галилеялъул Кана шагьаралдаса Натанаэлги, Зебедайил кІиявго васги ва цоги кІиго муридги данделъун рукІана гьенир. 3 Симон Пётрица абуна жив ччугІа кквезе унев вугилан. Нижги рилълъинилан абуна гьесда гьез. Инеги ун, росоде рахана гьел. Амма гьеб сордоялъ цониги ччугІа кквезе щвечІо. 4 Рогьунеб мехалъ ГІиса вихьана гьезда ралъдал рагІалда чІун. Амма муридазда лъачІо гьев чи ГІиса вукІин. 5 – Я, дир гьудулзаби, ччугІа ккурабищ? – ан ахІана ГІисаца гьезде. КквечІилан ахІана гьез. 6 Цинги ГІисаца гьезде ахІана росол кваранаб рахъалдехун гьин рехани, гьениб батилин нужеда ччугІа. Гьин рехараб мехалъ гьениб ккураб ччугІил гІемерлъиялъ хІалица бахъана гьеб лъадалъа. 7 ГІисае вокьулев вукІарав муридас Пётрида абуна ТІадегІанав вугин довилан. ТІадегІанав абураб рагІи гьесул кІалдиса къватІибе бачІарабго, Симон Пётрица ретІел ретІана (хІалтІулеб мехалъ ретІел бахъун букІана гьес) ва лъадалъе кІанцІун рагІалде лъедезе лъугьана. 8 Ралъдал рагІалде щвезе нусго галул манзил гурони букІинчІо, амма ччугІил цІураб бакІаб гьинги хадуб цІан цогидал муридаз бачана раса рагІалде. 9 Ралъдал рагІалде рахъиндал, тІорччол цІадуда бежулеб ччугІаги батана, гьениб аскІобго чедги батана гьезда. 10 ГІисаца абуна нужеца ккуразда гьоркьосаги чанго ччугІа гьанибе босейилан. 11 Симон Пётрица хІалица рагІалде цІана чІахІияб ччугІил цІураб гьин. Нусиялда кІикъоялда анцІила лъабго ччугІа батана гьениб, гьебщинаб ччугІа бугониги, гьинги тІун батичІо. 12 – Кваназе рачІа, – ян абуна ГІисаца гьезда. Цониги муридасда кІвечІо мун щивилан гьикъизе. Гьев ТІадегІанав вугевлъи лъалеб букІана гьезда. 13 Гьезда аскІове вачІун, ГІисаца босунго босун чед кьуна гьезухъе, ччугІаги кьуна гьединго. 14 Хваралъуса вахъун хадуб лъабабилеб нухалъги вачІана гьев гьедин муридазухъе. 15 Кванан рахъараб мехалъ, ГІисаца Симон Пётрида гьикъана: – Я, Иоаннил вас Симон, гьазиеялдаса цІикІкІун вокьулевищ дуе дун? Пётрица абуна: – Вокьула, дир ТІадегІанав. Дуда лъалагури дие мун вокьулевлъи. ГІисаца абуна: – Дир чахъаби кваназаре дуца! 16 КІиабизеги гьикъана ГІисаца гьесда: – Я, Иоаннил вас Симон, дуе дун вокьулевищ? – Вокьула, дир ТІадегІанав. Дуда лъалагури дие мун вокьулевлъи. ГІисаца гьесда абуна: – Дир чахъабазул тІалаб гьабе дуца. 17 Лъабабизеги гьикъана ГІисаца гьесда: – Я, Иоаннил вас Симон, дуе дун вокьулевищ? Жив дуе вокьулищилан лъабцІул тІатІалаго гьикъулеб бугин гьасилан пашманлъана Пётр. Гьес ГІисада абуна: – Я, БетІерчІахъад, кинабгоги лъалагури дуда. Дие мун вокьулевлъиги лъала дуда. ГІисаца гьесда абуна: – Дир чахъаби кваназаре дуца. 18 ХІакълъун абулеб буго дица дуда: гІолохъанаб мехалъ, дуцаго ретІелги ретІун, дуего бокьаралъуве унаан мун. Амма херлъараб мехалъ дуца кверал гІебеде ритІила цогидаз дудаго ретІел ретІине, ва дуе бокьуларелъувеги вачина гьез мун. 19 Гьес гьедин абуна кинаб хвалидалъун Пётрица Аллагь машгьурлъизавизе вугевали бицун. Гьединги абун, жинда цадахъ вилълъайилан вачана ГІисаца Пётр. 20 Нахъехун вуссиндал, Пётрида вихьана ГІисае вокьулев, ахирисеб сордоялъ дора кваналел рукІаго, гьесул каранде къулун: «Я, ТІадегІанав, щив дуе хилиплъизе вугев?» – ан гьикъарав мурид жидеда хадув вачІунев. 21 Гьебмехалъ Пётрица ГІисада гьикъана: – Я, ТІадегІанав, гьасда щиб гьабилеб? 22 ГІисаца гьесда абуна: – Дие бокьун батизе бегьула, дун тІадвуссун вачІинегІан, гьев дихъ валагьун чІезе. Щай дуда гьелъул ургъел чІвалеб? Мун дида цадахъ вилълъа. 23 Гьебмехалъ ГІисал вацазда гьоркьоб хабар тІибитІана гьев мурид киданиги хвезе гьечІилан. Амма ГІисаца абичІо гьев киданиги хвезе гьечІилан. Гьес Пётрида абураб рагІи букІана: «Дие бокьун батизе бегьула, дун тІадвуссун вачІинегІан, гьев дихъ валагьун чІезе. Дуда гьелъул ургъел щай чІвалеб?» 24 Гьев мурид ккола гьеб киналъего нугІлъиги гьабурав ва гьелъул хІакъалъулъ хъварав чи. Нижеда лъала нугІлъи кьучІаб букІин. 25 Гьанир рехсарал гурелги, гІемерал хІикматал ишал гьаруна ГІисаца. Цо гьоркьоб течІого гьезул хІакъалъулъ хъварал тІухьдул ругелани, дида ракІалде ккола, гьел лъезе гІураб бакІ букІинароанин гьаб дуниялалда тІадилан.