Якъубил

1

1 Аллагьасулги ТІадегІанав ГІиса МасихІилги лагъ Якъубил салам буго батІи-батІияб ракьалда рикь-рикьун ругел ва Аллагьасул халкълъун лъугьарал киналго гІадамазде. 2 ЗахІмалъи хІехьезе кІолищали батІи-батІияб къагІидаялъ нужер хІалбихьулеб бугони, гьеб нужеца кІудияб рохеллъун рикІкІе, диналъул вацал. 3 Божи-иман щулияб бугищали хІалбихьиялъ сабру бижизабулеблъи лъала нужеда. 4 Биччанте сабруялъ нужее кумек гьабизе нужго камиллъизеги, щибго гІунгутІи гьечІеллъун, тІубанго камилаллъун лъугьинеги. 5 Нужеда гьоркьоса лъилниги гІакъиллъи гІолеб гьечІони, бадибчІвай гьабичІого, киназего гьеб гьарзаго кьолев Аллагьасда гьаре, Аллагьас кьела гьесие гьеб. 6 Амма гьеб гьарулев чи, щибго щаклъи гьечІого, божизе ккола. Щакдарулев чи релълъуна гьороца рахъ-рахъалде гьелчезабулеб ралъдал карачелалда. 7 - 8 Гьединлъидал цо хІал кколарев ва сундулъго тавакал гьечІев чияс хьул гьабуге Аллагьас жиндие щибниги кьелилан. 9 Я вацал, гІодовегІан вугев чІухІизе виччанте, Аллагьасда цеве гьев тІадегІанав вугелъул. 10 Бечедасдаги лъазе биччанте Аллагьасда цеве гІодовегІанав вугевлъи, – харилъ тІегь гІадин вечІазе вуго гьев. 11 Бакъ къалъуде бахуна, бухІи цІикІкІуна, бухІараб гьури пула, хер бакъвала, гьелъул тІегь гъенон уна ва тІогьол тІолабго гьайбатлъиги хола. Жиндирго ишазде вуссун вукІаго вечІала бечедав чиги. 12 Гьардарав гуревдай, сундалъун жиндир хІалбихьаниги, сабруялда гьеб хІехьолев чи. Гьеб хІехьон хадуб гьесие щвела жиндиего рокьулезе Аллагьас къачІан бугеб шапакъат – абадияб гІумру. 13 Сундалъунниги гьесул хІалбихьулеб бугони, инсанас абизе бегьиларо Аллагьас жиндир хІалбихьулеб бугилан. Лъилниги квешлъиялъ Аллагьасул хІалбихьулареб гІадин, гьесги щивниги къосинавизе хІалбихьуларо. 14 Амма инсан къосуна, жиндирго квешал къасдаз хадув цІан, къориниве ккезавидал. 15 Цинги гьеб квешаб къасд къинлъун, мунагь гьабула, гьеб мунагь цІубараб мехалъ – хвел бижула. 16 Нужго нужецаго гуккуге, дир хириял вацал! 17 Зодихъ бакъ-моцІги цІвабиги рижарав, амма живго хисуларев ва жинда бецІлъи хъатІуларев Аллагьасдасан лъикІаб гурони рещтІунаро, гІадамазе щолебщинаб камилаб сайигъатги гьесдасан рещтІараб буго. 18 Жиндиего бокьун гьес нилъ хІакъаб рагІудалъун цІидасан рижизаруна. Абизе бегьула жинцаго бижанщиналъул тІоцебесеб рижилъун нилъ лъугьине бокьун гьабунин гьес гьединилан. 19 Нужеда лъай, дир хириял вацал, щивав чи гІенеккизе хехавлъун, бицине хІинцавлъун, ццин бахъинеги хІинцавлъун вукІине кколевлъи. 20 Ццидахун вугев чиясда кІоларо Аллагьас ритІухъаблъун рикІкІунеб гІамал цІунизе. 21 Гьединлъидал кинабгоги хъублъи ва нужелъ хутІараб ццидал асар гІодобе рехе. Нуж хвасар гьаризе хІалкІолъи бугев Аллагьас нужер рекІелъе рещтІинабураб рагІи хІеренго къабул гьабе. 22 Гьеб рагІухъ гІенеккарал гІоларо, гьеб тІубазабизеги ккола, гурони – нужго нужецаго гуккулел чагІилъун лъугьуна нуж. 23 РагІухъ гІенеккулев, амма гьеб тІубазабуларев чи релълъуна живго кинав вугевали матІуялъусан вихьарав чиясда. 24 МатІуялда цевеса нахъе аравго кІочон тола гьесда живго кинав вугевали. 25 Камилаб къануналъул – инсан эркенлъизавулеб къануналъул – матІуялъуве валагьун, гьеб къанун тавакалго цІунулев ва рагІарабщинабги кІочон течІого тІубазабулев чияс щиб гьабулеб бугониги, Аллагьас гьесда баркат лъела. 26 Живго муъминчи вугин рикІкІунев, амма мацІалда чангит баларев чияс живго жинцаго гуккулев вуго, ва гьесул иман пайда гьечІеб буго. 27 Нилъер Эмен Аллагьасда цебе хъублъиялъул тІанкІго гьечІеб, тІубанго бацІцІадаб иман ккола къваридго ругел бесдалазе ва къоролзабазе кумек гьабиги дуниялалда бугеб квешлъиялдаса рикІкІалъиги.

2

1 Я дир вацал, нилъер машгьурлъарав ТІадегІанасде – ГІиса МасихІиде иман лъурал нужеца чи ватІа гьавизе бегьуларо. 2 Масала, нужер данделъиялде вачІана лъикІго ретІа-къарав, меседил баргъичалги рарав чи ва басриябго ратІлилъ мискинчиги вачІана. 3 Нужеца адаб-хъатир гьабула чІухІараб ратІлилъ вугесул, гьале гьанив рахІаталда гІодов чІайилан абула гьесда. Мискинасда абула доле дова гІодов чІайилан яги гьанив дир хІатІазда цеве гІодов чІайилан. 4 Гьедин нужедаго гьоркьоб рикьи ккезабулеб гьечІищ нужеца? ЦІахъа-рахъай гьабулев къадиясда релълъунел гьечІищ нуж? 5 ГІенеккея, дир хириял вацал! ГІаламалъго мискиналлъун рикІкІунелал гурищ Аллагьас тІаса рищун ругел, иманалъ гьел бечелъизе ва жиндие рокьулезе рагІи кьураб ПарччахІлъи гьезие насиблъизе? 6 Нужецайин абуни мискинал рикІкІунел гьечІо! Бечедаз гуребищ нужеда тІад зулму гьабулеб бугеб? Гьез гурелищ нуж суд гьабулел рокъоре рехъерхъулел? 7 Гьез гуребищ какулеб нужеда лъураб лъикІаб цІар? 8 «Мунго гІадин вокьа дуе дуда аскІов вугевги», – ТІехьалда ругел амруязул парччахІлъун рикІкІунеб гьеб амру нужеца хІакъикъаталдаги тІубазабулеб бугони, гьеб лъикІаб иш буго. 9 Амма нужеца гІадамал ратІа гьарулел ругони, гьеб буго мунагь, ва, Къануналда рекъон, нуж ккола такъсирчагІи. 10 Къануналъул тІолалго рихьизариял цІунулел ругониги, амма цониги амруялдаса чи тарани, кинабго гІайиб гьесде тІаде ккола. 11 ХъахІбалъи гьабугейилан лъазабурас лъазабун буго чи чІвагейиланги. Масала, дуца хъахІбалъи гьабулеб гьечІо, амма чи чІвана, гьедин мун лъугьана къанун хвезабурав такъсирчилъун. 12 Инсанасе эркенлъи кьолеб къануналда рекъон Аллагьас жидее суд гьабизе бугел гІадамазда релълъун кІалъай ва хьваде. 13 ГурхІел гьечІесе Аллагьасул судалъулги гурхІел букІине гьечІо. РитІухъаб хІукмуялдасаги тІадегІанаб буго гурхІел! 14 Дица иман лъунилан абиялъул пайда щиб бугеб, вацал, лъикІал ишал гьарулел гьечІони? Гьединаб иманалъ хвасар гьавиладай гьев? 15 Нужер вацасул яги яцалъул тІад ретІине ретІел гьечІони, яги жакъаялде кваназе жо гьечІони, 16 масала, нужер цояс гьезие гІакълу кьола, рекере, хинлъизе айилан, кваназе айилан, амма гьезие къваригІараб кьоларо, – лъикІлъийищ гьес гьабулеб бугеб? 17 Гьедин, лъикІал ишал цадахъ гьечІеб иманалъул пайда букІунаро. 18 Цо лъицаниги абуни, цоясулъ божи-иман бугин, цогидас лъикІал ишал гьарулин, – дица абила лъикІал ишал гьечІеб божи-иман лъил бугебали дида бихьизабейилан; цинги дица дуда бихьизабила лъикІал ишазулъ бугеб дир божи-иман. 19 Аллагь цо вукІиналда божулевищ мун? ЦІакъ лъикІ! Амма жундулги божулагури хІинкъун сородилаго! 20 ЛъикІал ишал цадахъ гьечІеб иманалъул пайда букІунарилан чІезабилищ дуе, ле, бичІчІи гьечІев чи? 21 Къурбаналъе хъвезе жиндирго вас ИсхІакъ вегизавун вукІана нилъер эмен Ибрагьимица. Гьеб ишалъулъ гурищ Аллагьасда гьесул ритІухълъи бихьараб? 22 Бихьулищ – гьесул иманги ишги цолъун букІана, гьес гьарурал лъикІал ишаз квербакъана иман камиллъизе. 23 Гьедин ритІухълъана ТІехьалда бугеб гьадинаб калима: «Ибрагьим Аллагьасда божана, гьединлъидал гьес гьевги жиндие ритІухъав чилъун рикІкІана». Гьедин «Аллагьасул гьудул» абураб цІарги щвана Ибрагьимие. 24 Нужеда бихьулеб буго цохІо иманалъ гуребги, лъикІал ишазги инсан ритІухълъизавулев вукІин. 25 Тушманасул рахъалде цІех-рехалъе ритІарал рагъухъаби рокъоре рачана хъахІбалъиялдалъун бетІербахъи гьабулей йикІарай РахІабица ва гьеб шагьаралдаса къватІире рорчІизе нух бихьизабуна. Гьеб лъикІаб иш сабаблъун гьей гІадан Аллагьасда цее ритІухълъана. 26 РухІ гьечІони, чорхолъ чІаголъи букІунареб гІадин, лъикІал ишал цадахъ гьечІони, иманалъулги пайда букІунаро.

3

1 Нужеда гьоркьоса гІемерал чагІи вагІза-насихІат гьабизейилан лъугьин лъикІаб иш гуро, дир вацал, насихІатчагІаздаса Аллагьас дагьабги цІикІкІун тІалаб гьабила. 2 Нилъ киналгоги гІемерисеб мехалъ нухдаса тарула. РагІудалъун нухдаса таричІев чи – гьев камилав чи ккола, жиндирго черхалда чангит базеги кІолелъул гьесда. 3 Нилъеца чода кІалдираял рани, гьеб кІудияб хьвани нилъее тІубанго мутІигІлъула ва бокьараб рахъалде бачине кІола. 4 Мисалалъе босилин гама: кутакаб гьороца хъамун унеб кІудияб гама гьитІинабго рулалъул кумекалдалъун бокьараб рахъалде сверизабизе кІола гьеб бачунев чиясда. 5 Гьедин, жибго гьитІинаб лага букІаниги, мацІалдаги кІола кІудиял ишал гьарунин жинцайилан чІухІдаризе. Нужеда лъала цІадул гьитІинаб хІенехІалъ кІудияб рохь бухІулеблъи. 6 МацІ – гьеб ккола цІа. Гьаб дуниял мунагьазул цІун бугеб гІадин, нилъер черхалъул цогидал лугбазда гьоркьоб мунагьазул цІураб лага буго гьеб. Гьелъ нилъер тІолабго напс хъублъизабула ва инсанасул кинабго гІумруялда цІа рекІинабула, жибгоги жужахІалъул цІаялъ бухІула. 7 Киналго гІалхул жанаваралги, хІанчІиги, борхьалги ва ралъдал хІайваналгицин жиндего мутІигІ гьаризе кІвана ва кІолелги руго инсанасда, 8 амма мацІ мутІигІ гьабизе лъиданиги кІоларо. Гьеб буго жинда чангит базе кІолареб, хвалде рачунеб загьруялъул цІураб квешлъи. 9 МацІалца гьабула нилъер Эмен Аллагьасе рецц, амма гьебго мацІалца какула жиндаго релълъун Аллагьас рижарал гІадамал. 10 Цого кІалдисан рачІуна баркалаялъулги нагІанаялъулги рагІаби. Гьедин букІине бегьуларо, дир вацал. 11 Цого иццунисан чвахулебищ бацІцІадабги цІамгІалабги лъим? 12 Инжиралъул гъотІода зайтуналъул пихъ бижулебищ? Яги цІолбол гъабуда тІад инжир бижулебищ? Гьедин цІамгІалаб лъадал иццунисан бацІцІадаб лъим чвахуларо. 13 Нужеда гьоркьов цониги гІакъилав-цІодорав чи ватани, гьес жиндирго лъикІаб хьвада-чІвадиялдалъун бихьизабизе ккела жив гІакъилав ва гІодове виччарав чи вукІин. 14 Амма нужер рекІелъ хъубаб жахІдаги чІухІун цеве кІанцІизе бокьиги бугеб батани, гьересиялъ битІарабги хъублъизабуге, цІакъал-тІокІал чагІи ругиланги реццаруге нуж. 15 Гьединаб «гІакъиллъи» тІасан рещтІараб гуро, гьеб буго дуниялалдасан, мунагьаб напсалдасан ва илбисалдасан бачІараб. 16 Цоцаздехун жахІдаги бугони, чІухІун цере кІанцІизеги бокьулеб бугони, гьелъ рачуна гІала-гъважаялдеги квешлъиялдеги. 17 Зобалаздасан рещтІунеб гІакъиллъийин абуни, гьеб бацІцІадаб букІуна, гьединго сабруяб, хІалимаб, гІадамазухъ гІин тІамулеб, гурхІел-рахІмуялъул цІураб ва лъикІаб пихъ тІад бижулеб гъветІ гІадинаб букІуна. Гьеб гІакъиллъиялъул васвасдиги ххвелалги рукІунаро. 18 Ракълие рачел къарал гІадамаз ракълил хьон хьараб хуриса ритІухълъиялъул бачІин бакІарула.

4

1 Нужеда гьоркьоб кьалги дагІба-рагІиги кин бижулеб? Чорхолъ бухъардилеб бугеб гьаваялъ гурищ гьел рижизарулел? 2 Нужее бокьун бугониги, кьолеб гьечІелъулин нужго нужецаго чІвалел ругел. ХъантІун руго нуж, мурадалдеги щолел гьечІо. ДагІбадулел руго, къацандулел руго, амма нужеца Аллагьасда гьарулеб гьечІелъул, пайда бахунеб гьечІо. 3 Гьараниги, кьолеб гьечІо, лъикІлъиялъе гурелъул гьарулеб бугеб, – нужерго гьаваялда нахърилълъун хвезабизелъидал гьарулеб бугеб. 4 Божизе бегьиялдаса ун руго нуж! Нужеда лъаларебищ дуниялалъул гьудул Аллагьасул тушман вугевлъи? Дуниялалъулгун гьудуллъи гьабизе бокьарав Аллагьасул тушманлъун лъугьуна. 5 «Нилъехъе рещтІараб РухІалъ тІалаб гьабулеб буго цохІо Аллагь вокьизе», – ян гІадада хъван бугин ТІехьалдайиланищ нужеда ракІалде кколеб? 6 Аллагьасул баркат цІикІкІунебго-цІикІкІунеб букІуна. «Аллагь чІухІаразда дандечІола, хІалимазда гьесул баркат лъола», – ян абиялъе гІиллаги гьеб буго. 7 Аллагьасде мутІигІлъе, илбисалда дандечІа, гьеб нужеда аскІоса лъутун ина гьебмехалъ. 8 Аллагьасде гІагарлъе, гьев нужедеги гІагарлъила. Нужго рацІцІад гьаре, ле мунагьчагІи! Ле цо хІал кколарел чагІи, нужерго ракІалги рацІцІад гьаре! 9 Гьабураб квешлъиялдаса ракІ бухІа, гІоде, чІчІичІчІиде! Нужер релъи гІодиялде буссине биччанте, нужер рохел пашманлъиялде буссине биччанте! 10 БетІергьанасде мутІигІлъе, гьес нуж тІадегІанлъизарила. 11 Цоцазда тІасан квешаб рагІи абуге, вацал. Вацасул хІакъалъулъ квешаб рагІи абурав яги гьесда гІайиб чІварав чияс Къануналъул хІакъалъулъги абила квешаб рагІи, Къануналда гІайиб чІвалеб бугони, мун вукІине ккола гьелдасаги тІадегІанавлъун, – мун вуго гьеб тІубазабизе кколев чи. 12 Къанун бахъаравги гьеб тІубазабизе тІамулевги цохІо Аллагь вуго. Гьесда кІола нилъ хвасарлъизаризеги хвалде рачинеги. Гьедин бугелъул, мунго гІадинасда гІайиб чІвазе ккани, мун щив чи? 13 «Жакъа-метер нилъ пуланаб шагьаралде ине къватІире рахъина, гьениб цо лъагІел бала, даран-базар гьабила ва нилъее хайир бахина», – ян абулел чагІи, гьанже нуж гІенекке дихъ! 14 Метер щиб нужее ккелебали лъаларо нужеда. Щиб жо кколеб нужер гІумру? ТІаде борхун бачІун цо дагьабго мехалдасан тІагІун унеб гІодобнакІкІалда релълъуна гьеб. 15 «Аллагьасе бокьани, чІагоги хутІани, пуланабги гьабила, пуланабги гьабила», – ян абуни лъикІаб букІина нужее. 16 Нужин абуни, нужедаго ракІги чІун, чІухІдарилел руго. Гьединаб чІухІи квешаб жо буго. 17 ЛъикІлъи кин гьабилебалиги лъалев, жинца гьебги гьабуларев чиясе мунагь букІуна.

5

1 Гьанже дихъ гІенекке нуж, бечедал чагІи! Нужеде бачІинехъин бугеб балагьги-гІазабги лъан, гІоде нуж, чІчІичІчІиде нуж! 2 Нужер бечелъи турун тІагІун буго, нужер ретІелги ицица кванан буго. 3 Нужер гІарац-меседалдаги кьаву чІван буго. Гьеб кьавуялъ нужеда данде нугІлъи гьабила ва, цІадуца гІадин, рухІила гьелъ нуж. Дуниял ахиралде ккараб мехалда бакІарана нужеца гьеб хазина! 4 Хур лъилъаралъухъ кьезе кколеб букІараб мухь нужеца кватІизе тедал, хІалтІухъабазул бо нужеда данде нугІлъиялъе бахъун буго. Гьезул ахІи Къудратав БетІергьанасда рагІун буго. 5 Дуниялалда нужер гІумру гьарзаяб букІана, гІумруялдаса нужеца лазат-кепги босана, – хъвезе хьихьана нужецаго нужго! 6 Нужеде данде квер борхичІев муъминчи, судги гьабун, чІвана нужеца. 7 Гьанже, вацал, ТІадегІанав тІадвуссун вачІинегІан сабруялда чІа. Гьедин чІола векьарухъан жиндирго хуриса гьесие цІакъ къиматаб-хирияб хІалухъен бачІинегІан. Ихдалилги хасалихълъиялъулги цІадал ран рахъинегІан сабруялда чІола гьев. 8 Нужецаги сабру гьабе, къвакІун чІа, ТІадегІанав вачІунеб заман гІагарлъулеб буго. 9 Нужее суд гьабичІого хутІизе цоцаздасан гІарзал гьаруге, вацал. Гьале, Судияв нуцІихъе щун вуго! 10 Аллагьасул цІаралдасан халкъалъе хабар бицарал аварагзабаздасан мисал босе: гьезда гІемераб гІазаб-гІакъуба бихьана ва кинабго кІудияб сабруялда хІехьана гьез. 11 Гьардарал гурищилан абула нилъеца гьединаб гІемераб жо хІехьезе ккарал гІадамазул рахъалъ. Аюб аварагас хІехьарабщиналъул хІакъалъулъ рагІанагури нужеда, ахирги Аллагьас кин гьеб бецІарабалиги лъала нужеда. ГурхІулевги рахІмуявги вугелъул Аллагь. 12 Вореги, дир вацал, зобалхІайилан, ракьалхІайилан ва цогидабги гьаялдалъун гьедаруге нуж. Уйилан абизе бокьани, уйилан абе, гурилан абизе бокьани, гурилан абе. Гьедарани – тамихІалъе мустахІикълъула нуж. 13 Къварид вугес дугІа гьабе, лъикІ вугес, Аллагь веццун туркаби ахІе. 14 Унтун вугес жиндихъего ахІе иман лъуразул агьлуялъул бутІрул. ТІадегІанав ГІисал цІар рехсон, дугІа гьабила гьез, зайтуналъул нах бахина. 15 Божи-имангун гьабураб дугІаялъ унтарав сахлъула, БетІергьанас гьев тІаде вахъинавула, мунагь бугони, гьелдасаги тІасалъугьуна. 16 Гьединлъидал нужерго мунагьал цоцазе рице, цоцаца дугІадулъги рехсе, нужго сахлъизе. ВацІцІадав муъминчиясул дугІаялда гІемераб жо гьабизе кІола. 17 Иляс авараг вукІана нилъго гІадав чи. ЦІад багегийилан гьес гьарараб мехалъ, лъабго лъагІелгун бащдалъ цІад бачІо ракьалде. 18 Цинги гьес цоги дугІа гьабуна, – зодисан рахІмат рещтІана ва хурги бачІана. 19 - 20 Масала, хІакъабщиналдаса гьетІарав нужер чи цогидас битІараб нухде ккезавуна. Мекъаб нухдаса гьев витІун ккезавурас мунагь гьабурасул рухІ цІунулеблъи ва гІемерал мунагьалги чурулеллъи лъай, дир вацал, нужеда!