ЖугьутІазухъе

1

1 Цебе заманалда чанго нухалъ ва батІи-батІияб къагІидаялъ кІалъана Аллагь нилъер умумуздехун жиндирго аварагзабиги ритІун. 2 Гьаб дуниялалъул ахир гІагарлъараб заманалдайин абуни, гьев нилъедехун кІалъана жиндирго васги витІун. Васасе щвезе буго Аллагьас бижанщинаб, гьесдалъун бижана дуниял-гІалам. 3 Васасулъ загьирлъула Аллагьасул Нур. ГІицІго гьев васасулъ буго Аллагь гІадамазда вихьизавизе кІолеб сипат-сурат. Васасул къудратаб рагІиялъ ккун буго тІолабго дуниял-гІалам. ГІадамазул мунагьалги чуризарун, Къудратав Аллагьасул кваранаб рахъалда гІодов чІана гьев зобалазда. 4 Малаикзабазулаздаса кигІан тІадегІанаб цІар Аллагьас гьесие кьураб батаниги, гьебго даражаялда малаикзабаздаса тІадегІанлъизавуна гьес жиндирго вас. 5 Цониги малаикасда абурабищ Аллагьас: «Мун дир Вас вуго. Жакъа дун дур Эменлъун лъугьана», – ян? Цониги малаикасул хІакъалъулъ абичІо Аллагьас: «Дун гьасул Эменлъун лъугьина, Гьавги дир Васлъун лъугьина», – ян. 6 Жиндирго тІоцеве гьавурав Вас ракьалде витІулеб мехалъ, гьес абуна: «Аллагьасул киналго малаикзабаз гьасие сужда гьабизе буго», – ян. 7 Малаикзабазул хІакъалъулъ абун буго: «Аллагьас рижарал малаикзаби гьурал гІадинал руго, гьесул рагьтІателалги цІадул мацІал гІадинал руго». 8 Васасул хІакъалъулъ абун буго: «Абадул-абадиялъго букІина дур парччахІлъи!» Цогиги: «РитІухъаб ханлъи гьабила, я БетІергьан, дуца дурго халкъалъе. 9 РитІухълъи дуе хирияб буго, квешлъи дуе цІакъ рихараб буго. Гьединлъидалин, я дир ПарччахІ, дур Аллагьас мун тІаса вищарав, парччахІлъун вукІинеги мустахІикълъарав. Дур гьалмагъзабазеялдаса цІикІкІараб рохелги хІурматги насиблъана дуе». 10 Цоги абун буго: «Дуца тІоцебе ракь бижана, я БетІергьан, Дуца зобалги рижана. 11 Гьел щущан ина, амма мун нахъе хутІила. РетІел-кун гІадин хохон ина гьел киналго. 12 ТІимугъ гІадин гура-сурун рехила дуца гьел, Гурде-тІажу гІадин, хис-хисила гьел, Амма мун киданиги хисиларо. Дуе ахир гьечІо». 13 Аллагьас цониги малаикасда киданиги абурабищ: «Дир кваранаб рахъалда гІодов вукІа, дица дур тушбаби дур хІатІал лъураб бакІалда цере чІезаризегІан»? 14 Малаикзаби щал кколел? Гьел руго Аллагьасе хъулухъалъе чІарал ва хвасарлъи ирсалъе щолезе кумек гьабизе гьес ритІулел рухІал.

2

1 Гьединлъидалин нилъеда рагІараб Аллагьасул калам щулаго кквезе кколеб, хІакъаб нухдаса нилъго тарунгутІизе. 2 Малаикзабиги ритІун нилъер умумузухъе Аллагьас рещтІинабураб рагІигицин щулияб букІана, гьелъие мукІурлъичІезе яги гьелъухъ гІенеккичІезе ритІухъаб тамихІги гьабуна. 3 Гьанже загьирлъараб цІакъго кІудияб хвасарлъиялде мугъ рехани, кинха нилъ хвасарлъилел? ТІадегІанас жинцаго тІоцебе лъазабуна нилъеда гьеб хвасарлъиялъул хІакъалъулъ, гьесухъ гІенеккаразги бихьизабуна гьеб хІакъаб букІин. 4 БатІи-батІиял мугІжизаталги гІаламаталги рихьизарун ва батІи-батІияб къагІидаялъ Илагьияб РухІги жиндиего бокьухъе гІадамазде рещтІинабун, Аллагьас жинцагоги нугІлъи гьабуна гьелъие. 5 Гьеб нилъеца бицунеб бугеб цІияб дуниялалъул кверщел малаикзабазухъе гуро Аллагьас кьураб. 6 ТІухьдузда буго гьадин хъвараб бакІ: «ГІадан щиб жо кколеб, я Аллагь, дуца гьесул пикру гьабизе ккани? Инсанасул тІалаб щай дуца гьабулеб? 7 Малаикзабазулалдаса дагьабго гІодобегІанаб даража кьуна дуца инсанасе, ЦІарги реццги насиблъизабуна дуца гьесие, 8 Бижанщиналъул кверщелги кьуна гьесухъе». «Бижанщиналъул кверщел кьунин» инсанасухъейилан абулеб буго, гьесул кверщаликь гьечІеб жо щибниги хутІичІеблъиги бичІчІулеб буго. Бугониги – бижанщиналъул кверщел гьанже инсанасухъ бихьулеб гьечІо нилъеда. 9 Амма нилъеда вихьулев вуго Аллагьасул рахІму-цІобалдалъун нилъ киназего гІоло хвезе дагьабго заманаялъе «малаикзабазулалдаса дагьабго гІодобегІанаб даража кьурав» ГІиса. Нилъеда бихьулеб буго, жинца хІехьараб хвел сабаблъун, гьанже гьесие «цІарги реццги насиблъун букІин». 10 Кинабго сундуего ва жинцаго бижарав Аллагьас ГІиса гІазаб-гІакъубаялдалъун камиллъизави ритІухълъараблъи бихьана нилъеда, – гІемерал лъималазе гьесул цІар-реццалъул бутІа щвана. ГІисацалъидалин гьел хвасарлъиялде рачунел! 11 Гьеслъидал гІадамал рацІцІалъизарулел. Жинца гІадамал рацІцІалъизарулевги ва жал рацІцІалъизарулелги ЦохІо вугесдасан рачІарал руго. Гьединлъидалин ГІиса намуслъуларев гьел жиндир вацал ругин абизе. 12 Гьес Аллагьасда абулеб буго: «Дица дирго вацазул жамагІаталда жанив мун кІодо гьавила, гьезул данделъиялда рецц гьабила дица дуе». 13 Цоги гьес абулеб буго: «Гьесдейин дир хьул букІинеб». Цоги гьес абулеб буго: «Гьале дунги дие Аллагьас кьурал лъималги». 14 Лъималилан гьес гІадамазда абулеб бугелъул, гьелго гІадинав гьанги биги чорхолъ бугев инсанлъун лъугьана ГІисаги. Гьедин гьабуна гІадамал хвезаризе кІолеб илбис жиндир хвалидалъун хвезабизе бокьун. 15 Гьедин ГІисаца тархъан гьаруна гІумруялъго хваликьа хІинкъун рукІарал гІадамал. 16 Малаикзабазе хІалае гуро гьев вахъунев. Гьев хІалае вахъуна Ибрагьим аварагасул зурияталъе. 17 Гьедин ГІиса сундулъго жиндирго вацазда релълъине кколаан. Гьезда гурхІулев ва ритІухъав бищунго кІудияв кашишлъун лъугьана ва, гІадамазул мунагьал чурун, Аллагьасул амру тІубазабуна гьес. 18 Илбисалъ гьабураб хІалбихьиялъул гІакъуба жинцагоги хІехьедал, гьанже ГІисада кІола гьелъ хІалбихьулеб бугезе кумек гьабизе.

3

1 Дун гІадин Аллагьас тІаса рищарал дир вацал! Нилъер божи-иманалъе чапарлъунги бищунго кІудияв кашишлъунги Аллагьас витІарав ГІисахъ ралагье! 2 Аллагьасул минаялъе, Мусаго гІадин, жив тІаса вищарав Аллагьасе ритІухъав вукІана гьев. 3 Жибго минаялдаса цІикІкІун машгьурлъула гьеб мина гьабурав чиясул цІар. Гьедин Мусадаса гІемерго цІикІкІун машгьурлъана ГІиса. 4 Щибаб минаялъул вукІуна гьеб гьабурав чи. Аллагь вуго кинабгоги гьабуравлъун. 5 Муса вукІана Аллагьасул минаялда хурхарабщиналъе хилиплъуларев чи, гьес нугІлъи гьабулаан хадусеб заманалда Аллагьасул рагІи рещтІине букІиналъе. 6 МасихІ вуго Аллагьасул минаялда хурхарабщиналъул бетІерлъуда тарав хилиплъуларев вас. Гьеб Аллагьасул мина ккола нилъ, – нилъер хьул лъолелдаги нилъерго бахІарчилъиялдаги ракІчІей бугони. 7 Илагьияб РухІалъ абулеб буго: «Жакъа нужее Аллагьасул калам цІалулеб бугони, 8 нужерго ракІал рицалъизе риччаге. Доба гІицІаб авлахъалда, дандечІун, Аллагьасул сабруялъул хІалбихьулеб букІараб къоялъ нужер умумузулги ракІал рицалъун рукІана. 9 Доба гьез Дир хІалбихьана, Дун щивали хал гьабуна, кІикъого соналъ Дица щиб гьабурабали бихьун букІаниги. 10 Гьединлъидал, гьеб наслуялда ццин бахъун, Дица абуна: Гьезул ракІал васвасдулел руго, Дир нухдасан унел гьечІо гьел. 11 Ццин бахъун Дун гьедана гьезие рахІаталъе Дица кьезе бугеб ракьалде гьел киданиги лъугьинарилан!» 12 Воре, вацал, лъицаниги рекІелъе лъугьине биччаге квешлъиги иман гьечІолъиги, – чІагояв Аллагьасдаса ратІалъичІого хутІизе. 13 Нужер цонигияв мунагьалъ гуккунгутІизе ва нужер ракІал рицалъичІо рукІине, жакъайилан абизе бегьулебгІан заманаялъ щибаб къойил цоцазе насихІат гьабе. 14 МасихІилгун гІахьалаб ирс насиблъула нилъее киназего, доб тІоцебе букІараб ракІчІей ахиралде щвезегІан щулалъизабуни. 15 ТІухьдузда хъван буго: «Жакъа нужеда рагІани Аллагьасул рагІи, нужерго ракІал рицалъизе риччаге, – Аллагьасде дандечІун нужер умумузул ракІал рицалъун рукІарал гІадин». 16 Щалха дол рукІарал, «Аллагьасул калам рагІаниги», «дандечІарал» гІадамал? Мусаца Мисриялдаса къватІире рачарал чагІи гурищ! 17 КІикъого соналъ Аллагьасул ццин лъида бахъун букІараб? Мунагьал гьаридал гІицІаб авлахъалда жидер рукьби хутІарал чагІазда гурищ! 18 «Гьезие рахІаталъе Дица кьезе бугеб ракьалде гьел киданиги лъугьинарилан» Аллагь лъил рахъалъ гьедарав? МукІурлъуларезул рахъалъ гурищ! 19 Гьеле нилъеда бихьулеб буго: иман гьечІолъи сабаблъун кІвечІо гьезда доб жидее къотІи гьабун букІараб ракьалде рорчІизе.

4

1 РахІат-хІалхьиялде нилъ рачинилан Аллагьас кьураб рагІи хвезе гьечІелъул, рачІа хІаракат бахъилин гьеб нилъее къотІи гьабураб рахІат-хІалхьиялде ворчІуларев чи нилъеда гьоркьов цониги хутІунгутІизе. 2 Дол цогидал гІадамаздаго гІадин, нилъедаги рагІана Рохалил хабар. Амма гьеб хабар рагІунилан дозие пайда бахинчІо, гьеб рагІараб мехалъ дол гьелда божичІелъул. 3 Гьелда божарал нилъее щвезе буго Аллагьас къотІи гьабураб рахІат-хІалхьи. Гьадин абулеб буго гьес гьелъул хІакъалъулъ: «Ццин бахъун дун гьедана, гьезие рахІат-хІалхьиялъе дица кьезе бугеб бакІалде гьел киданиги лъугьинарилан!» Гьес гьедин абуна, дуниял бижараб ва гьеб бижиялъул хІалтІи лъугІараб мехалдасаго жиндирго къадар киданиги хисизабун букІинчІониги. 4 Цогидаб бакІалдаги хъван буго анкьабилеб къоялъул хІакъалъулъ ТІухьдузда: «Анкьабилеб къоялъ жиндирго хІалтІи лъугІидал, Гьес хІалхьи гьабуна». 5 Амма гьелъулго хІакъалъулъ гьес абулеб буго: «Гьезие рахІат-хІалхьиялъе дица кьезе бугеб бакІалде гьел киданиги лъугьинаро!» 6 Гьанже цо-цоял гьеб рахІат-хІалхьиялъе кьураб бакІалде лъугьунел рукІин хІакъаб буго, амма бищун цебе Рохалил хабар рагІарал дол цогидал гІадамал гьенире лъугьинчІо, Аллагьасде гьел мутІигІлъичІелъул. 7 Гьеб бихьулеб буго Аллагьас цІидасан цоги къо чІезабулеб букІиналдасан. «Жакъасеб къойилан» лъун буго гьес гьелда цІар. ГІемерал соназдасан Давудил кІалдир лъун, абун руго Аллагьас гьелъул хІакъалъулъ нилъеца тІадехун рехсарал рагІаби: «Жакъа нужеда рагІани Аллагьасул рагІи, нужерго ракІал рицалъизе риччаге». 8 Нунил вас ЕшуагІица гьел рахІат-хІалхьи бугеб бакІалде рачун рукІаралани, Аллагьас гьелдаса хадуб цогиги къоялъул хІакъалъулъ бицен гьабилароан. 9 Гьединлъидал Аллагьасул халкъалъе къачІан буго шамат къоялъул рахІат-хІалхьи. 10 Аллагьас рахІат-хІалхьиялъе кьелилан къотІи гьабураб бакІалде лъугьуневщинав чияс, хІалтІи лъугІун хадуб хІалхьи гьабула, Аллагьас жиндирго хІалтІудаса хадуб хІалхьи гьабураб гІадин. 11 РачІа нилъецаги хІаракат бахъилин рахІат-хІалхьи бугеб бакІалде лъугьине, – дол гІадамазулго гІадинаб мутІигІлъунгутІиялъ къосинарунгутІизе. 12 Аллагьасул рагІулъ чІаголъиги буго, жигарчилъиги буго. КІибалаб ханжаралдасаги бегІераб буго гьеб. Напсги рухІги цоцаздаса батІалъулеб бакІалде, щукІдулги рукьбиги цолъулеб бакІалде щвезегІан, гъваридго гъорлъе къан уна гьеб. Аллагьасул рагІиялъ суд гьабула инсанасул рекІел къасдазе ва ниятазе. 13 Нилъеца жинда цебе жаваб кьезе кколев Аллагьасдаса бахчизе кІоларо гьес бижараб цониги жоялда. Кинабго гьесда цебе буго, гьесул берзукь буго. 14 РачІа нилъеца ГІисал хІакъалъулъ гьабулеб калам щулаго кквезин. Нилъер вугелъул Аллагьасул вас ГІиса – зобалазде восун арав бищунго кІудияв кашиш. 15 Нилъер загІиплъи бичІчІуларев бищунго кІудияв кашиш гуро гьев. Нилъецаго гІадин илбисалъул хІалбихьи хІехьезе ккана гьес, амма мунагь-хатІа лъугьинчІо гьесдасан. 16 Таваккалго гІагарлъилин баркат рещтІинабулев Аллагьасул тахалде, – хІажатаб мехалда гьес нилъеда баркатги цІобги лъезе.

5

1 Щивав бищунго кІудияв кашиш гІадамазда гьоркьоса вищула, Аллагьасда цеве гьезул вакиллъун вукІине, гьезул мунагьал чуриялъе къурбаналги сайигъаталги гьаризе. 2 Инсан вугелъул, гьесулъ загІиплъи камуларо, гьесда ричІчІула жагьилалги къосун ккаралги. 3 Гьединлъидал гьесда тІадаб буго халкъалъул мунагьазе гІоло гуребги, жиндирго мунагьазе гІологи къурбан гьабизе. 4 Живго лъикІав лъугьун бищунго кІудияв кашишлъун вахъунаро щивниги, – Гьарун гІадин, Аллагьас тІаса вищарав чи гурони. 5 Гьединго живго лъикІав лъугьун гуро МасихІги бищунго кІудияв кашишлъун вахъун машгьурлъарав. «Мун дир Вас вуго. Жакъа дун дур Эменлъун лъугьана», – ян гьесда абурав Аллагьасин гьев тарав. 6 Цогидаб бакІалда гьес абулеб буго: «Мун вуго абадул-абадиялъего кашиш, Мелкицедекги кашишлъун вукІарав гІадин». 7 Гьаб ракьалда гІумру гьабун вукІараб мехалда, ГІисаца дугІаби гьаруна ва гьев гІек-гІекун гІодана жив хвалдаса хвасар гьавизе кІолев Аллагьасда цеве чІун. Аллагьасе мутІигІав вукІиндал, гьесул дугІа къабул гьабуна. 8 Аллагьасул Вас вукІаниги, гІазаб-гІакъуба хІехьон, мутІигІлъизе ругьунлъана гьев. 9 Камиллъараб мехалда гьев лъугьана жиндихъ гІенеккаразе насиблъулеб абадияб хвасарлъиялъул иццлъун. 10 Аллагьас гьев тІамуна бищунго кІудияв кашишлъун, Мелкицедекги кашишлъун вукІарав гІадин. 11 Гьелъул хІакъалъулъ бицине жо гІемер буго нижер, амма бичІчІизабизе захІмалъила, бичІчІизе нуж хІинцал ругелъул. 12 Гьанжени нужго рукІине кколаан мугІалимзабилъун, амма, цебего гІадин, нужее къваригІунев вуго Аллагьасул рагІиялъул аслу-кьучІ цІидасан бичІчІизабулев чи. КъвакІараб квен кваназе кІолеб гьечІо нужеда, рахьги гьекъон чІолел руго. 13 Рахь гьекъон чІолев чи лъимералда релълъуна, битІарабги тІекъабги батІа гьабизе лъаларо гьесда. 14 КъвакІараб квен данде ккола балугълъи-камиллъи щваразе, бихьун-лъан лъикІабги квешабги батІа бахъизе кІолезе.

6

1 МасихІил хІакъалъулъ рагІул тІоцересел дарсалги нахъа тун, рачІа нилъ церехун инин балугълъи-камиллъи щваразул гІелмуялде. ЦІидасан кьучІ тІамун щай нилъее? ЦІидасан бицинарин тавбуялъулги, хвалде рачунел ишал рехун теялъулги, Аллагьасда божиялъулги, 2 лъадалъ ччун рахъиялъулги, дугІаги гьабун тІад квер лъеялъулги, хваралъуса рахъиналъулги, Аллагьас абадиялъего гьабураб хІукмуялъулги. 3 Бичас биччани, нилъ церехун ина! 4 Божи-иманалдаса ратІалъун ругел чагІи тавбуялде рачине кІолелищ? Цере гьел рукІана Аллагьасул Нуралъулъ, гьезие щвана зобалазул сайигъат ва, цогидазего гІадин, Илагьияб РухІалдасан гьунарги щвана. 5 ХІалбихьун лъана гьезда Аллагьасул рагІиялъул лъикІлъи, лъана тІаде щвезе бугеб Аллагьасул ПарччахІлъиялъул къуват-гуч. 6 Кин гьел ритІун ккезарилел, божи-иманалдаса ратІалъун ругони? Гьез цІидасан хъанчида валев вуго, инжит-хІакъир гьавулев вуго Аллагьасул Вас! 7 Ризго рарал цІадазул регьел гъорлъ цІикІкІараб ракьалъ лъикІаб бачІин кьола хурухъабазе. Гьединаб ракьалда Аллагьасул баркат лъола. 8 Амма гьеб ракьалда заз-хъарахъ гурони бижулеб гьечІони, гьелдаса пайда бахунаро, Аллагьасул нагІана насиблъиялъул хІинкъи букІуна гьелъие. Ахирги цІа гъун бухІула гьединаб ракьалда бижарабщинаб. 9 Амма нижеца гьедин абулеб бугониги, дир хириял вацал, нижер ракІчІола нуж гьединал чагІи ратиларин, нужеда дагьабги цІикІкІараб баркат лъелин ва гьелъ нужги хвасар гьарилин. 10 Аллагь ритІухъав вуго. Иман лъурал вацазул нужеца цебего гІадин гьанжеги тІалаб гьабулеб буго. Гьеб жив вокьун нужеца гьабулеб бугеб иш кІочон толаро Аллагьасда. 11 Нижее бокьун буго нужер щивав чиясул хІаракатги тавакалги ахиралде щвезегІан чучлъунгутІизе, Аллагьасде лъураб хьулги тІубазе. 12 Нуж кІвахІаллъуге. Божи-иманги сабруги бугелъул, Аллагьас къотІи гьабураб жо жидее щолел гІадамаздаса мисал босе. 13 Ибрагьим аварагасе къотІи гьабулеб мехалъ, цІар рехсон гьедизе жиндаса тІадегІанав вукІунарелъул, жиндирго цІаралдалъун гьедана Аллагь. 14 Гьес абуна: «Дица дуде баркат рещтІинабила! Дица дуе наслаби кьела». 15 Цинги, сабру гьабун чІедал, Ибрагьимие щвана жиндие къотІи гьабураб жо. 16 ГІадамал гьедула жидедаса гІемерго тІадегІанаб жо рехсон. Гьедин, гьа гьедун лъугІизабула кинабгоги дагІба-къец. 17 Жиндир ният-къасдалдаса киданиги къуркьунгутІи-кьурунгутІи жидее къотІи гьабурал гІадамазда бихьизабизе бокьараб мехалъ, жинцаго кьураб рагІи щулалъизе гьаги гьедана Аллагьас. 18 Аллагьасул гьереси букІунарелъул, киданиги хисулареб кІиго жо буго – кьураб рагІиги гьаги. Гьединлъидал кІанцІизе бакІ Аллагьасда аскІоб батарал нилъер ракІчІей цІикІкІана хьул лъураб щвезе букІиналда. 19 Гьеб хьул нилъер рекІее буго щулияб ва кьури гьечІеб хІубилъун. Нилъер хьул лъолев ГІиса Мукъадасаб БакІалъул пардав бахун жанивехун лъугьуна. 20 Нилъее гІоло ГІиса нилъедаса цеве гьениве жаниве лъугьана ва абадул-абадиялъего кашишлъунги лъугьана, Мелкицедекги кашишлъун вукІарав гІадин.

7

1 Гьев Мелкицедек вукІана Салам улкаялъул парччахІлъунги ТІадегІанав Аллагьасул кашишлъунги. Ункъо парччахІасда тІад бергьенлъиги босун, рагъдаса тІадвуссун вачІунев вукІарав Ибрагьим аварагасда дандчІвай гьабуна Мелкицедекица ва дуда баркат лъегиян абуна. 2 Цинги Ибрагьимица гьесие кьуна жиндир кинабго давлаялъул анцІил бутІа. Цо бугони, Мелкицедек абураб цІаралъухъ балагьунги гьев ккола «ритІухъав парччахІ». КІиабизе бугони, гьев вукІана Салам улкаялъул парччахІ, ай «ракълил улкаялъул парччахІ». 3 Гьесул я эмен вукІинчІо, я эбел йикІинчІо, я умумузул силсила гьечІо. Гьесул гІумруялъул я авал гьечІо, я ахир гьечІо, – Аллагьасул васго гІадин, гьевги ккола абадул-абадиялъего кашиш. 4 Бихьулищ кигІан тІадегІанав чи гьев вукІаравали! Нилъер зурияталъулго эменлъун кколев машгьурав Ибрагьимица гьесие кьуна рагъда жиндиего щвараб давлаялъул анцІил бутІа. 5 Кашишзабилъун лъугьунел Левийил наслуялъул гІадамазе Къануналъул амру буго халкъалъухъа, ай диналъул вацазухъа, анцІил бутІа босеян, гьел вацал Ибрагьимил зурияталъул ругониги. 6 Дов Мелкицедек Левийил наслуялъул вукІинчІониги, гьес Ибрагьимихъа (Аллагьас рагІи кьурав чиясухъа!) анцІил бутІа босана ва дуда баркат лъегиян абуна. 7 ТІадегІанасдасан гІодовегІанасе баркат щолеблъиялда щаклъизе бегьуларо. 8 АнцІил бутІа бакІарулел кашишзаби ккола холел-унел гІадамал, амма анцІил бутІа босарав Мелкицедекил хІакъалъулъ ТІухьдузда хъван буго гьев чІаго вугилан. 9 Абизе бегьула Ибрагьимица анцІил бутІа кьолеб мехалда, жиндир наслуялъ анцІил бутІа бакІарулев Левийица жинцагоги кьун батилин гьебилан. 10 Щайин абуни, дов Мелкицедек Ибрагьимида дандчІвараб мехалда жеги гьавун вукІинчІо Левий. Жиндир наслуялъул эмен Ибрагьимил чорхолъ вукІанин гьевилан абизе бегьула. 11 Къануналъ рихьизарурал ишал Исраилил халкъалда гьоркьор тІуразарулел кашишзаби рукІана Левийил наслуялъул гІадамал. Гьел кашишзабаздалъун камиллъи щолеб букІарабани, цогидав кашиш, ай Гьарунил наслуялъул гурев, Мелкицедек гІадинав кашиш къваригІинароан. 12 Кашишлъи хисулеб бугони, Къанунги хисизабизе ккола. 13 Нижеца бицунеб бугев ТІадегІанав ГІиса цогидаб наслуялъул – къурбан хъолеб бакІалде ун кашишлъи гьабичІел гІадамазул наслуялъул вукІана. 14 Нилъеда лъикІ лъала нилъер ТІадегІанав ГІиса Ягьудал наслуялдаса вукІаравлъи. Кашишзабазул бицунаго, Мусаца гьеб наслу рехсон гьечІо. 15 Гьеб иш дагьабги баянлъула Мелкицедекида релълъарав цІияв кашиш вачІун вукІин нилъеда бичІчІулеб бугони. 16 Къануналда рекъон кашиш цо наслуялъул вукІине ккола, амма Къануналъ малъухъе гуро ГІиса кашишлъун тІамурав. Гьев кашишлъун тІамуна гьесулъ бугеб абадияб гІумруялъул къудраталдалъун. 17 Гьесул хІакъалъулъ абун буго: «Мун вуго абадул-абадиялъего кашиш, Мелкицедекги кашишлъун вукІарав гІадин». 18 Цо рахъ босани, Къануналъул цебе букІараб амру добегІан толеб буго гьеб загІипабги пайда гьечІебги бугелъул. 19 Къануналъ щибниги камиллъизабичІелъулха! Цогидаб рахъ босани, нилъее рес кколеб буго Аллагьасде гІагарлъизарулеб лъикІаб жоялде хьул лъезе. 20 Гьа гьедичІого тІубачІо гьеб иш. Цере кашишзабилъун лъугьаразе гьеб хъулухъ щвана гьаги гьедичІого, 21 амма ГІиса кашишлъун лъугьана, Аллагьас гьесда гьадин абураб мехалда гьедараб гьаялдалъун: «БетІергьан гьедана, мун абадул-абадиялъего кашиш вугилан. Жиндирго рагІи гьес хисизабуларо!» 22 Гьединлъидал ГІиса вуго гьесде щвезегІан букІараб КъотІиялдаса лъикІаб КъотІи щвеялъе сабаблъун ккарав чи. 23 Цебе заманалдаги гІемер рукІана кашишзаби, – гьел холел-унел рукІиналъ квалквал гьабулеб букІана Аллагьасе хъулухъалда хутІизе. 24 Амма ГІисаца гьоркьоса къотІизе толеб гьечІо жиндирго кашишлъи, гьев абадиялъе чІаго вугелъул. 25 Гьедин бугелъул, гьесда кІола жинда нахърилълъун Аллагьасде гІагарлъарал кидагоялъе хвасар гьаризе, – Аллагьасда цебе гьезие шапагІат гьабизе кидаго чІагояв вуго гьев. 26 Гьеле гьединав бищунго кІудияв кашишин нилъее хІажалъун вукІарав: вацІцІадав, мунагь-хатІа гьечІев, чІегІераб тІанкІ лъечІев, мунагьазул цІураздаса ватІа гьавурав ва зобалаздасаги тІадехун восун арав. 27 Цогидал бищунго кІудиял кашишзабазда релълъарав гьечІо гьев. Цин жиндирго мунагьал чуризе, хадуб халкъалъул мунагьал чуризеги щибаб къоялъ къурбан гьабизе кколаро гьес. Живго къурбанлъун лъугьун, гьес гьеб тІубазабуна цохІо нухалъ ва кидагоялъе. 28 Мусал Къануналъ бищунго кІудиял кашишзабилъун тІамула камиллъи щвечІел гІадамал, амма Къануналдаса хадуб гьаги гьедун, рагІиги кьун, Аллагьас кашишлъун тІамуна абадул абадиялъего камилав кашишлъун лъугьарав жиндирго Вас.

8

1 Гьале нижее гьанже абизе бокьараб жо: Къудратав Аллагьасул тахалъул кваранаб рахъалда зобалазда гІодов чІарав бищунго кІудияв кашиш вуго нилъер. 2 Бищунго кІудияв кашишас гІадин, ГІисаца хъулухъ гьабулеб буго, инсанас гуреб, БетІергьанас чІвараб унго-унгояб чадиралъуб бугеб Мукъадасаб бакІалда. 3 Бищунго кІудияв кашиш тІамула Аллагьасе къурбаналги сайигъаталги гьаризе. Нилъер бищунго кІудияв кашишасги гьединго цо щибниги жо къурбанлъун гьабизе кколеб букІана. 4 Гьев ракьалда вукІаравани, кашишлъунцин вукІинароан. Ракьалда ругелъул Къануналда рекъон Аллагьасе къурбанал гьарулел кашишзаби. 5 Гьез жаниб хъулухъ гьабулеб чадир ккола зобалазда бугеб мукъадасаб чадиралъул рагІадлъунги суратлъунги. Гьединго ккана Мусалги: Мусаца мукъадасаб чадир чІвазе кколеб букІараб мехалда, Аллагьас гьесда абуна: «Доба магІарда дуда бихьизабун букІараб зобалазул чадиралъул сураталда рекъон гьабе кинабго». 6 Гьале гьанже ГІисае щвана кашишлъиялъул хъулухъ, – цере рукІарал кашишзабазулалдаса гІемерго тІадегІанаб. Гьединго тІадегІанаб буго Аллагьасдаги гьесул халкъалдаги гьоркьоб ГІисадалъун лъугьараб КъотІи. ЛъикІабщиналъе кьураб рагІул кьучІалда гьабураб бугелъул, цІакъго лъикІаб КъотІи буго гьеб. 7 Доб тІоцебесеб къотІи камилаб букІарабани, кІиабизеги къотІи гьабизе ккелароан. 8 ГІадамазда гІайиб чІвазе гІилла ккедал, Аллагьас гьадин абуна: «ТІаде щолеб буго, – ян абулеб буго БетІергьанас, – Исраилил халкъалъулгун ва Ягьудал халкъалъулгун дица цІияб къотІи гьабулеб заман. 9 Доб къоялъ, квер ккун рачун, Мисриялдаса къватІире лъугьинарулаго, гьезул умумузулгун дица гьабун букІаралда релълъараб букІинаро гьеб КъотІи. Гьабураб КъотІиялъе ритІухълъи цІуничІелъул, дица гьел рехун тана», – ян абулеб буго Аллагьас. 10 «Гьале дица Исраилил халкъалъулгун хадусеб заманалъе КъотІи гьабулеб буго, – ян абулеб буго БетІергьанас. Дица дирго амруял гьезул гІакълуялъулъе лъугьинарила. Гьезул ракІазда хъвала дица гьел. Дун вукІина гьезул Аллагьлъун, Гьел рукІина дир халкълъун. 11 Гьезул лъицаниги мадугьаласе гІакълу кьеларо Ва диналъул вацасдаги лъицаниги абиларо: „Дурго БетІергьан щивали лъазаве“, – ян. ГІисиназдаги чІахІияздаги – киназдаго дун лъазе вугелъул! 12 Гьезул мунагьаздаса дун тІасалъугьина, гьезул гъалатІ-хатІаги тІокІаб ракІалде щвезабиларо». 13 ЦІияб КъотІиялъул бицунаго, Аллагьас доб тІоцебесеб КъотІи басралъизабулеб буго. Басралъарабщинабги херлъарабщинабги хехго хола, тІагІуна.

9

1 ТІоцебесеб КъотІиялда рихьизарун рукІана Аллагьасе хъулухъ гьабизе ккеялъул бицунел амруял ва гьеб хъулухъ гьабиялъе ракьалда гІадамаз бараб бакІги. 2 КъватІисебилан цІар лъураб чадирги чІван букІана. Чадиралъур рукІана чирахъги, столги, мукъадасаб чедги. Гьелда абулаан Мукъадасаб БакІилан. 3 КІиабилеб пардавалда нахъа букІана Бищунго Мукъадасаб БакІилан цІар лъураб чадир. 4 Гьениб жаниб букІана махІгьуинаб нахул кьеккен тІад гьабулеб меседил стол ва КъотІиялъул гъамас. Гьебги тІубанго меседалъ бацараб букІана. Гъансиниб букІана зобалаздасан рещтІараб нигІмат жаниб бугеб меседил гІорто, гъотІода тІад гІадин гІурччинаб тІамах бараб Гьарунил гІанса ва Аллагьасул амраби тІад хъвараб кІиго ганчІил къоноги. 5 Гъансида тІад лъун рукІана Аллагьасул Нур гьениб букІиналъул гІаламатлъун кколел куркьбал ругел жанаваразул суратал. ГІадамазул мунагьал чуризе хъолеб къурбаналъул би тІаде чвахулеб бакІалда тІад рукІана гьезул куркьбал. Амма гьеб киналъулго хІакъалъулъ гьаниб мухІканго бицинчІониги гІела. 6 Гьедин гьабун букІана гьениб кинабго. Кашишзаби щибаб къоялъ къватІисеб чадиралъуре лъугьуна жидедаго тІадал ишал тІуразаризе. 7 Амма цохІо бищунго кІудияв кашиш лъагІалида жаниб цо нухалъ лъугьуна жанисеб чадиралъуве. Гьес гьенибе босула жиндирго мунагьал чуризе ва жидерго жагьиллъиялдалъун халкъалъ гьарурал мунагьал чуризеги Аллагьасе къурбанлъун бугеб би. 8 Гьеб киналдалъунго Илагьияб РухІалъ нилъеда бихьизабулеб буго, гьеб къватІисеб Чадир бугебгІан заманаялъ, Бищунго Мукъадасаб БакІалде нилъее нуцІа къан букІин. 9 Гьале гьанже бугеб заманалъул рахъалъ гьабураб ишарайин гьеб. Гьелъул магІнаги ккола Аллагьасе гьарурал сайигъатазги хІайванал къурбаналъе хъвеялъги гьеб къурбан жинца гьабурав чиясул намус бацІцІалъуларин ва гьев камиллъизавизе кІоларин абураб. 10 Гьеб буго кванаялда, гьекъеялда ва чвердон черх бацІцІад гьабиялда хурхараб гІадат. Гьеб буго инсанасул рекІеда хъатІулареб амру. Аллагьас гьеб амруги гьабуна цІияб тІаде кьезегІан заманаялъе. 11 МасихІ вачІун вуго бищунго кІудияв кашишлъун, гьес босун бачІана гьанже нилъехъе щвараб лъикІлъи. Гьес Аллагьасе хъулухъ гьабулеб Чадир доб цебегосеб Чадиралдаса гІемерго тІадегІанаб ва камилаб буго. ГІадамаз гьабураб гурелъул, гьаб дуниялалъулги гуро гьеб. 12 Чадиралъусан ун, нилъ киназего гІоло цохІо нухалъ Бищунго Мукъадасаб БакІалде жаниве лъугьараб мехалда, гьес гьенибе босичІо дугІбузул яги бусбузул би. Гьес гьенибе босана жиндирго би, гьелдалъун абадиялъего гІадамазул мунагьал чуриги насиблъизабуна. 13 Хъублъарал гІадамал дугІбузулги бусбузулги бидул тІирабаз ва бухІараб бачил рохъо тІаде щваялъ рацІцІалъулел ратани, 14 кигІан цІакъдай гьел рацІцІалъила МасихІил биялъ. Абадияб Илагьияб РухІалъ малъун, гьес живго кьуна Аллагьасе камилаб къурбанлъун. Гьесул биялъ бацІцІад гьабуна нилъер намус нилъ хвалде рачунеб квешлъиялдаса ва хІакъав Аллагьасе хъулухъ гьабизе нилъее ресги рекъезабуна. 15 МасихІ вуго цІияб КъотІиялъе гьоркьохъан. Гьев сабаблъун Аллагьас жиндихъего ахІарал гІадамазе щвезе бегьула Аллагьас рагІи кьун букІараб абадияб ирс. Гьесул хвелалъ халкъ тархъанлъана тІоцебесеб КъотІиялъул заманалдаго гьез гьарун рукІарал мунагьаздаса. 16 Васияталъул бицунаго, гьеб гьабурав чи хун вукІин чІезабизе ккола. 17 Щайин абуни, васият цебе бахъизе бегьуларо гьеб хъварав чи чІаго вугевгІан заманаялъ, гІицІго гьев хун хадуб гурони васият тІубазабуларо. 18 Гьединлъидалин доб тІоцебесеб КъотІигицин биялдалъун тасдикъ гьабун букІараб. 19 Цин Мусаца халкъалъе цІалун, гьезда лъазаруна Къануналда рукІарал киналго амруял. Цинги гьес бусбузулги дугІбузулги би лъимгун жубазабуна ва багІараб квасулкуналъ бухьараб, махІгьуинаб хъархъил гІаркьелалъ Къануналъул тІехьалдеги тІолалго гІадамаздеги тІираби щвезаруна гьеб бидул. 20 Мусаца абуна: «Гьале нужеца тІубазабейилан Аллагьас амру гьабураб КъотІи щулалъизабулеб би». 21 Мусаца гьединго бидул тІираби щвезаруна КъотІиялъул Чадиралде ва Аллагьасе хъулухъ гьабиялъе хІалтІизарулел киналго тІагІелаздеги. 22 Къануналда рекъон, дагьал жал хутІизегІан, биялъ бацІцІалъула кинабгоги хъублъарабщинаб, би гІодобе тІечІони, мунагьаздасаги рацІцІалъуларо! 23 Гьедин рацІцІалъизаризе кколел рукІана зобалазда ругезул гІицІго сипат-суратлъун кколел гьел жал. Амма зобалазда ругезе къваригІуна гІемерго лъикІаб къурбан. 24 ГІадамаз гьабураб Мукъадасаб бакІалда жаниве гуро МасихІ лъугьарав. Гьебги буго унго-унгояб Мукъадасаб бакІалъул сипат-суратлъун. Гьев лъугьана жалго зобалазда жаниве, доба Аллагьасда цебе нилъее шапагІат тІалаб гьабизе. 25 Жиндирго гуреб биги босун щибаб соналъ лъугьуна бищунго кІудияв кашиш Бищунго Мукъадасаб бакІалда жаниве. Амма МасихІица живго цохІо нухалъ къурбанлъун гьавуна. 26 Гьедин букІинчІебани, гьаб дуниял бижаралдаса нахъего, живго къурбанлъун гьавун, МасихІица чанги нухалъ хІехьезе ккелаан гІазаб-гІакъуба. Гьанже, гьаб дуниял ахирлъулеб бугеб заманалда, гьев цохІо нухалъ вачІана, киназего гІоло живго къурбанлъун гьавун, гьезул мунагьал чуризе. 27 Кинавго чиясе къадар хъван буго цохІо нухалъ хвезе, гьелдаса хадуб гьесие Аллагьас судги гьабула. 28 Гьединго МасихІицаги цохІо нухалъ къурбанлъун гьавуна живго, гІемеразул мунагьал чуризелъун. ГІадамал мунагьаздаса рацІцІад гьаризе гуро гьев кІиабизе вачІунев, жив вачІиналъухъ ралагьун чІарал чагІи хвасар гьаризейин.

10

1 Къанун – хІакъаб лъикІлъи гуро, гьеб ккола Аллагьасдасан бачІине бугеб лъикІлъиялъул рагІад. Щибаб лъагІалидаса лъагІалиде, хисиго гьечІого, цого тайпаялъул къурбанал гьарула Аллагьасе. Гьединал къурбаназдалъун Къануналда кІвелищ Аллагьасухъе рачІунел гІадамал камиллъизаризе? 2 Аллагьасе къурбанал гьарулел гІадамал хІакъикъаталдаги жидерго мунагьаздаса рацІцІалъулелани, тІокІалъ гьезул рекІелъе лъугьинароан жал мунагьалъукь ругилан абураб пикру. Гьебмехалда киналгІаги къурбаналги гьаричІого телаан. 3 Амма щибаб лъагІалидаса лъагІалиде къурбанал гьарула, гьелдалъун гІадамазда жидерго мунагьалги ракІалде щола. 4 Щайин абуни, бусбузулги дугІбузулги биялда кІоларо мунагьал чуризе. 5 Гьединлъидал, МасихІ дуниялалде вачІине кколеб заманалда, гьес Аллагьасда абуна: «Дуе рокьуларо къурбаналги сайигъаталги. Дуца къачІана дие черхги. 6 Дуе бокьуларо къурбан гьабулеб бакІалда тІад хІайванал тІубанго рухІиги, мунагьаздаса рацІцІалъизелъун гьел хъвейги. 7 Хадуб дица абуна: „Гьале, БетІергьан, дун вачІун вуго, дир хІакъалъулъ ТІухьдузда хъван бугеб куцалда дур амру тІубазабизе“». 8 Цин гьес абуна: «Дуе рокьуларо къурбаналги сайигъаталги» ва «Дуе бокьуларо къурбан гьабулеб бакІалда тІад хІайванал тІубанго рухІиги, гьединго мунагьаздаса рацІцІалъизелъун гьел хъвейги». Гьес гьедин абуна гьел къурбаназул хІакъалъулъ Къануналда хъван бугониги. 9 Цинги абуна гьес: «Гьале, БетІергьан, дун вачІун вуго дур амру тІубазабизе». Гьедин цебехун абураб МасихІица добегІан толеб буго, кІиабизе абурабги гьелъул бакІалда лъолеб буго. 10 ГІиса МасихІица Аллагьасул амру тІубазабидал, нилъ киналго мунагьаздаса рацІцІалъана, киназего гІоло цохІо нухалъ гьес жиндирго черх къурбанлъун гьаби сабаблъун. 11 Щивав кашишас щибаб къоялъ Аллагьасе хъулухъ гьабула ва цоцазда релълъарал, амма жидедалъун мунагьал чуруларел къурбаналги гІемер гьарула. 12 МасихІицани цохІо нухалъ гьабуна абадиялъго мунагьал чуризе кІолеб къурбан, Аллагьасул кваранаб рахъалда гІодовги чІана. 13 Гьев гьенив вукІуна Аллагьас «гьесул тушбаби гьесул хІатІал лъураб бакІалда цере чІезаризегІан». 14 Гьедин цохІо къурбаналдалъун гьес абадул-абадиялъего камиллъизаруна жинцаго мунагьаздаса рацІцІалъизарурал гІадамал. 15 Илагьияб РухІалъги нугІлъи гьабула гьелъие. Цин, гьелъ абулеб буго: 16 «Гьале бачІунеб заманалда дица гьезулгун гьабизе бугеб КъотІи, – ян абулеб буго БетІергьанас. – Дица дирго амруял гьезул гІакълуялъулъе лъугьинарила. Гьезул ракІазда хъвала дица гьел». 17 Цинги абулеб буго: «Гьезул мунагьги гъалатІ-хатІаги тІокІаб ракІалде щвезабиларо». 18 Аллагь мунагьазда тІасалъугьунев вугони, гьездаса рацІцІалъизе гІоло гьарулел къурбанал тІокІалъ къваригІунаро. 19 Гьединлъидал, вацал, ГІисал би гІодобе тІей сабаблъун, махІги хІинкъичІого лъугьине бегьула нилъ Бищунго Мукъадасаб бакІалда жанире. 20 Гьелъул пардавалда гьоркьосан гьес нилъеда бихьизабуна абадияб гІумруялде рачунеб цІияб нух. Гьеб пардав ккола гьесул черх. 21 Аллагьасул минаялъуб хъулухъ гьабизе тІамурав чилъун гьединав бищунго кІудияв кашиш вугелъулин, 22 ракІ-ракІалъулаб ва щулияб божи-имангун, намусалдаса хъубаб тІанкІги бацІцІад гьабун ва бацІцІадаб лъадаца чурхдулги чурун, нилъ Аллагьасде гІагарлъулел ругел. 23 Щулаго кквелин нилъеца гьеб нилъ божун ругеб хьул, – нилъее рагІи кьурав Аллагьасда божизе бегьулелъулха. 24 ХІаракат бахъилин цоцаздехун рекІелъ рокьи цІунизе ва цоцазе лъикІлъи гьабизе. 25 Цо-цояз рехун толеб гІадин, нилъеца рехун теларин цоцазда аскІоре данделъулеб гІадат. ТІадегІанав вачІунеб Къо гІагарлъулеб букІин бихьанагІан, цІикІкІун ракІбатизабилин цоцазул. 26 ХІакъабщинаб лъан хадубги бокьун-разилъун нилъеца мунагьал гьаруни, гьел нилъеда тІаса ккезарулел къурбанал рукІунареблъи лъай. 27 Амма Аллагьасда дандечІаразе гІасияб тамихІ букІине буго, гьел кІкІунеб цІадул бухІиги цІикІкІараб буго. 28 Мусал Къанун цІуничІого такъсир гьабурав чи расги гурхІичІого чІвала, кІиго яги лъабго чиясул нугІлъи бугони. 29 Аллагьасул вас гІад-хочІ гьавурав чиясе кинаб тамихІдай букІина? Жив мунагьалдаса вацІцІад гьавураб ва илагьияб КъотІи щулалъизабураб бидул багьа учузлъизабурасе кинабдай букІина? Илагьияб РухІалдасан бачІунеб баркат инжит-хІакъир гьабулесе кинабдай букІина? Нужецаго пикру гьабе гьединал такъсиразухъ тамихІ кигІан цІикІкІараб букІинебали! 30 Нилъеда лъала Аллагьас гьадин абураблъи: «Дицайин къисас босулеб, дир ишин гьеб рецІел боси», цогиги: «БетІергьанас жиндирго халкъалъе суд гьабила». 31 ЦІакъ хІинкъизе ккараб иш буго хІакъав Аллагьасда цеве чІей! 32 Цебесеб заман ракІалде щвезабе: Аллагьасул Нур нужеда тІад къалъарал къоязда гІемераб гІазаб-гІакъуба баччана нужеца. 33 Цо заман букІана нуж халкъалда цере рачун инжит-хІакъир гьарулеб. Цоги заман букІана гьедин гІазабалда ругезул нужеца тІалаб гьабулеб. 34 Туснахъалда ругездаги гурхІана. Нужер боцІи-бечелъи бикъа-хъамулеб мехалъги роха-хинлъун рукІана. Нужеда лъалеб букІиндалха кодоса бахъизе кІолареб, цІакъго лъикІаб бечелъи нужер бугеблъи. 35 Гьединаб ракІчІеялдаса махІрумлъизе рукІунге, гьелдалъун нужее кІудияб кири щола. 36 Нужее сабру къваригІуна Аллагьасул амру тІубазабизе, нужеца сабру гьабе гьес кьураб рагІи тІубазегІанги. 37 ТІухьдузда хъван буго: «Цодагьабго заман индал вачІина дов вачІине кколев чи. Гьев кватІизе гьечІо. 38 Дие ритІухъавщинав чи, дида божун чІани, чІаго хутІила. Гьев нахъе къачІони, дун гьесдаса разилъила». 39 Нахъе къалел ва нухдаса тарулел чагІи гуро нилъ. Нилъер рекІелъ божи-иман буго, нилъ хвасарлъизеги руго.

11

1 Божи-иман ккола нилъеца хьул гьабулелда ракІчІей ва нилъеда бихьулареб жо хІакъаб букІин чІезабиги. 2 Цебе заманалдаги божи-иман бугел гІадамаздасайин Аллагь разилъулев вукІарав. 3 Божи-иманалдалъунин нилъеда бичІчІулеб гьаб дуниял Аллагьасул рагІудалъун бижараб букІин, гьедин бихьуларелдасан бихьулебаб лъугьун букІин. 4 Божи-иманалъин Гьабилида малъараб Аллагьасе кьезе Къабилилалдаса лъикІаб къурбан. Гьесулъ божи-иман букІиналъин ритІухъав чи вугилан Аллагь гьесдаса разилъарав, Аллагьас жинцаго къабул гьабуна гьесул къурбанги. Гьев хвана, амма божи-иманалдалъун гьес гьабураб иш гьанжеги нилъедехун кІалъалеб буго. 5 Божи-иман рекІелъ букІиндалин, хвел бихьизе биччачІого, Аллагьас Гьенох зобалазде восарав. Гьев тІагІанин, Аллагьас гьев жиндихъего вачанин, Аллагьас жиндихъего вачиналде, Аллагьасе бокьухъе тІамунин гьес гІумруйилан хъван буго. 6 Божи-иман гьечІони, лъиданиги кІоларо Аллагьасе бокьараб гьабизе. Аллагьасухъе вачІунев чи божизе ккола Аллагь вукІиналда ва жив валагьизе лъугьарасе гьесдасан шапакъат щолеблъиялда. 7 Божи-иман рекІелъ букІиндалин, жеги рихьизе рес гьечІел лъугьа-бахъинал ккезе ругилан лъазабураб мехалъ, НухІ авараг Аллагьасухъ гІенеккарав ва жиндирго рукъалъул агьлу хвасарлъизе гама гьабураб. НухІил божи-иманалдалъун загьирлъана дуниял-гІаламалъулго гІайиб, живгойин абуни Аллагьасда цеве ритІухълъана. Божи-иманалдалъун насиблъана гьесие гьеб. 8 Божи-иман рекІелъ букІиндалин, Ибрагьим Аллагьасе мутІигІлъарав, гьесие ирсалъе щвезе кколеб ракьалде айилан ахІараб мехалда. Киве унев вугевали лъачІониги, ана гьев. 9 Божи-иман рекІелъ букІунин гьес апараглъун яшав гьабураб, Аллагьас жиндие кьезе къотІи гьабураб ракьалда. Гьесдаго цадахъ Аллагьас жидее къотІи гьабурал ИсхІакъицаги Якъубицаги гІадин, чадразухъ чІун гьабуна гьес гІумру. 10 Гьев балагьун чІун вукІана Аллагьас щулияб кьучІалда тІад къадал гьарун жиндие абадияб шагьар кьезегІан. 11 Божи-иман рекІелъ букІиндалин, Ибрагьимие, цІакъго херлъун вугониги, эменлъун вахъине рес ккараб. Саратги йикІана лъимер гьабулеб гІужалдаса арай гІадан. Гьев божана Аллагьас кьураб рагІи тІубазе букІиналда. 12 Гьедин хабалъе бох бортарав цохІо чиясдасан лъугьана цІакъ гІемерал наслаби, – зодихъ цІваби рикІкІун бажарулареб гІадин, ралъдал рагІалда сали рикІкІун бажарулареб гІадин, рикІкІун бажаруларел наслаби. 13 Гьел киналго гІадамал хвана Аллагьасде божи-имангун. Гьезие щун букІинчІо Аллагьас къотІи гьабураб жо, амма рикІкІадасанго гІадин бихьулеб букІана къотІи тІубазе бугеблъи ва гьелдаса рохулаан. Гьаб дуниялалда гьез жалго рикІкІунаан апарагзабилъун ва къватІире гъурал гІадамаллъун. 14 Гьедин жидерго рахъалъ абулеб бугони, гьелъул магІна ккола гьел гІадамаз жидеего ватІан балагьулеб букІин. 15 Жидеца рехун тараб улкаялъухъ урхъун гьел рукІаралани, доре тІадруссине рес ккелаан гьезие. 16 Амма гьел урхъун рукІана зобалазда бугеб цІакъго лъикІаб улкаялъухъ. Гьединлъидал Аллагь намуслъуларо жив гьезул Аллагь вугилан абизе. Гьес гьезие шагьар бан буго. 17 Божи-иман рекІелъ букІиндалин, Аллагьас жиндир хІалбихьараб мехалда, жиндирго вас ИсхІакъ Ибрагьимица къурбаналъе хъвезехъин вукІарав. Ибрагьим вукІана Аллагьас жиндие къотІи гьабурав чи. Амма цохІо вугев вас къурбаналъе хъвезе къачІан вукІана гьев. 18 Аллагьас гьесда абуна: «Дур наслу ИсхІакъидасан лъугьинейин бугеб». 19 Ибрагьим божун вукІана Аллагьасда хваралги чІаголъизаризе кІолеблъиялда. Абизе бегьула, хІакъикъаталдаги хваралъуса вахъинавун нахъе щванин гьесие жиндирго вас абун. 20 Божи-иман рекІелъ букІиндалин ИсхІакъица гьарараб хадубккун заманалда Якъубидаги ГІисидаги баркат лъегийилан. 21 Божи-иман рекІелъ букІиндалин живго хвелалде Якъубица гьарараб Юсупил кІиявго васасда баркат лъегиян. ГІонсоде ккун херлъун вугеб мехалда Аллагьасе рецц гьабуна гьес. 22 Божи-иман рекІелъ букІиндалин живго хвелалде цебе Юсупица бицараб Исраилил халкъ цо заманалдасан Мисриялдаса къватІибе лъугьине бугилан. Цинги гьес бицун тана жиндир жаназаялда щиб гьабилебалиги. 23 Божи-иман рекІелъ букІиндалин, гьавуралдаса лъабго моцІ инегІан, эбел-инсуца Муса вахчарав. ЦІакъго гьайбатав вас гьев вукІин бихьидал, гьел хІинкъичІо пиргІавнасул амру тІубазабичІого тезе. 24 Божи-иман рекІелъ букІиндалин кІудияв гІураб мехалъ Мусае бокьичІеб пиргІавнасул ясалъул вас вугин живилан абизе. 25 Гьесул рекІее къабуллъана, панадуниялалъул мунагь-хІакъ гІемераб рохелалдаса инкарги гьабун, Аллагьас тІаса бищараб халкъалда цадахъ гІазаб-гІакъуба хІехьезе. 26 Гьес рикІкІана Мисриялъул тІолабго хазинаялдасаги хирияб бугин Аллагьас витІизе вугев МасихІие гІоло гІазаб-гІакъуба хІехьей. Щайин абуни, гьесул рекІелъ букІана шапакъат щвеялде хьул. 27 Божи-иман рекІелъ букІиндалин, пиргІавнасул ццидадаса хІинкъичІого, Мусаца Мисри рехун тараб. Дов Вихьуларев жинда вихьулев вугев гІадин, къуркьизе-кьуризе бокьичІо гьесие. 28 Божи-иман рекІелъ букІиндалин гьес Пасхаялъул байрам чІезабураб ва щибаб рукъалъул рагьумахІуялда бидул гІужги гьабураб, – Исраилил халкъалъул хъизаназе тІоцере гьарурал васазул рухІ хвалил малаикас бахъичІого букІине. 29 Божи-иман рекІелъ букІиндалин Исраилил халкъалда, бакъвараб нухдасан унел ругел гІадин, БагІараб ралъад бахине кІвараб. Мисриялъулалги лъугьана гьенисан инейилан, амма ралъдалъ гъанкъун хвана. 30 Божи-иманалъ риххизаруна Иерихоналъул щулиял къадал, исраилилал анкьго къоялъ гьеб шагьаралда сверун хьвадараб заманалда. 31 Божи-иман рекІелъ букІиндалин Рагьаб абулей хъахІба дол Аллагьасе мукІурлъичІезда цадахъ хвечІого хутІарай. Гьелъ лъикІаб гьоболлъи гьабуна балъго Иерихоналде рачІарал исраилилазе. 32 Дагьабги бицине ккелищ? Дир заман гІеларо Гидеонил, Баракил, Шамшунил, Ифтахил, Давудил, Шамуилил, киналго аварагзабазул хІакъалъулъ бицине. 33 Божи-иманалдалъун улкаби кверде росана гьез, ритІухъаб суд гьабуна, Аллагьас къотІи гьабурабги щвана, гъалбацІазул кІалдиса давла бахъана, 34 гьалагал цІаял свинаруна, хвалчадул балалдаса хвасарлъана, загІипал рукІаниги, къуваталлъун лъугьана; чияр улкабазул боял къезарун, рагъда бахІарчилъи бихьизабуна. 35 Божи-иман рекІелъ букІиндалин хварал гІагарал чагІи руччабазухъе нахъе щварал. ЛъикІаб гІумру бачІараб мехалъ чІаголъизе бокьун, цо-цояз инкар гьабулаан эркенлъи-тархъанлъиялдаса, гІазаб-гІакъуба хІехьон холаан гьел. 36 Цо-цоязе кутакаб къварилъи гьабулеб букІана, цІалаца рухулел рукІана; цо-цоялин абуни, маххалги ран, гвандинир тІамулел рукІана. 37 ГанчІал речІчІунги чІвана гьел, хъухъадироялъ кІийидеги хъухъана гьел, хвалчаца бутІрулги къотІана гьезул. ТІохьолги цІакилги ратІлилъ хьвадана гьел пакъирлъиги, къварилъиги, гІазаб-гІакъубаги хІехьезе ккарал гІадамал. 38 ТІолабго дуниял-гІаламалдаса хириял гІадамал гІицІал авлахъаздаги мугІруздаги тирулел хутІана, нохъазда ва ракьулъ рахъарал гвендазда жанир рахчун. 39 Божи-иман гьезул рекІелъ букІиндал Аллагь разилъана гьел киназдасаго. Амма жеги гьезие щвечІо Аллагьас къотІи гьабун букІараб жо. 40 Щайин абуни, нилъее даража цІикІкІиналъе, Аллагьас хІукму гьабун буго, – гьесие бокьун буго гІицІго нилъеда цадахъ гьел гІадамал камиллъизе.

12

1 Гьанже гьанир нугІзал накІкІалгІан гІемерлъун ругелъул, нухда батарабщинаб гамачІги нахъе рехун, нилъеда хурхине лъугьанщинаб мунагь-хатІаги батІалъизабун, сабруялда рекерилин, цебе бугеб манзил лъугІизегІан. 2 Авалалдаса ахиралде щвезегІан нилъер божи-иманалъул аслу-кьучІлъун вугев ГІисахъ ралагьилин. Жиндие насиблъизе бугеб рохалие гІоло, инжитлъи-хІакъирлъиги гІадахъ босичІого, хъанчида вараб хвел хІехьана гьес ва Аллагьасул кваранаб рахъалда гІодов чІана. 3 Мунагьал ругезул рахъалдасан гьединаб рокьукълъи хІехьарав гьесул гьабе нужеца пикру. Гьедин нужги загІиплъизе бегьуларо, къуркьизе бегьуларо. 4 Мунагьазда данде рагъулаго нуж жеги щвечІо нужерго би гІодобе тІолеб даражаялде. 5 Нужер ракІбатизабизе, лъималаздехун гІадин, Аллагьас нужеда абурал гьадинал рагІаби кІочон таралищ: «БетІергьанасул малъа-хъвай гІадахъ босичІого тоге, дир вас, гьес дуе гІадлу гьабулеб мехалъ пашманлъуге мун. 6 Жиндиего вокьулесейин Аллагьас гІадлу гьабулеб, вас гІадин къабул гьавурасдайин гьес кьабулеб». 7 Нужее гьабулеб гІазаб-гІакъуба нужеца, гІадлулъун рикІкІун, хІехье. Лъималаздехун гІадин валагьулев вуго Аллагь нужехъ. Инсуца гІадлу гьабичІев вас цониги вукІанадай? 8 Киналго васазе букІунеб гІадинаб гІадлу нужее гьабулеб гьечІони, гьелъул магІна буго васал кколарин, къватІулъа жал кколин абураб. 9 Умумуз нилъее гІадлу гьабуна, нилъеца гьезул адаб-хъатирги гьабуна. Абадияб гІумру насиблъизе гІоло, кигІан цІикІкІунха нилъ Аллагьасе, рухІазул бетІергьанасе, мутІигІал рукІине кколел! 10 Умумуз жидедаго лъикІ бихьухъе дагьабго заманалда гІадлу гьабуна нилъее. Амма Аллагьас гІадлу гьабула нилъее лъикІлъиялъе, жиндир вацІцІалъиялъул бутІа нилъееги щвезе гІоло. 11 ГІадлуялъ цо дагьабго заманалда рохизе гуро гьарулел, пашманлъизейин, гьеб гІадлуялъ малъухъе хьвадаразе нахъа шапакъатлъун щола сах-саламалъиги ритІухъаб гІумруги. 12 Нужер свакарал кверазулъе къуват бачІинабе ва сородулел бохдулги щулаго чІезаре! 13 БитІараб нухдасан хьваде нуж, нужер рекъал бохдул къуркьунгутІизе. Сахлъаги гьел! 14 Киналго гІадамалгун ракълида рукІине хІаракат бахъе. РацІцІадго хьваде, вацІцІадго хьвадуларесда ТІадегІанав вихьуларевин. 15 Вореха Аллагьасул баркаталъул нухдаса къосине гурин нуж. Нужер цонигияв лъугьине гурин гІемерав чиясе зарал гьабулеб загьруяб ва кьогІаб херлъун. 16 Нужер цонигияв лъугьине гурин ГІис гІадинав хъахІбаяб гІамал бугевлъун яги божи-иман гьечІевлъун. КІудияв васлъун вижиялъул даража гьес бичана цохІо нухалъ кванараб кванихъ. 17 Нужеда лъала цинги гьесие бокьун букІараблъи инсудасан баркат щвезе, амма щвечІо. Бадиса магІу чвахулаго гІамал гьабуниги, гьеб жиндихъаго ккараб гъалатІ битІизабун бажаричІо гьесухъа. 18 Инсанасул беразда бихьулелде гуро нуж гІагарлъун ругел. Синай магІарда букІараб цІаялдеги, бецІлъиялдеги, накІкІалдеги, гьалагаб гьуриялдеги гуро гІагарлъун ругел. 19 Доб мехалда рагІулеб букІана ссуралъубе пулеб гІадинаб сас. Цинги цо гьаракь бахъана – абулел рукІана тІокІаб жидеда рагІугегиян гІадамал гьардезе лъугьарал рагІаби. 20 «ХІатта хІайвангицин гьаб магІарде бачІани, ганчІал речІчІун чІвазе ккола», – ян абурал рагІаби рекІелъе риччазе кІолеб букІинчІо гьезда. 21 Мусацацин абуна: «Дун хІинкъун сородулев вуго!» – ян. ГьедигІанги гІасияб лъугьа-бахъин букІана гьеб. 22 Амма нуж гІагарлъун руго Цион мегІералде, хІакъав Аллагьасул шагьаралде, рикІкІун хІалкІоларел малаикзабазул руккелал байрамалде данделъулеб зобалазулаб Иерусалималде, 23 Аллагьасе тІоцере гьарурал васаллъун ругел, жидер цІарал зобалазда хъварал гІадамазул данделъиялде, киназего суд гьабулев Аллагьасде, камиллъи щварал вализабазул рухІазде. 24 ГІагарлъун руго цІияб КъотІиялъул гьоркьохъанлъун лъугьарав ГІисаде, ракьалде тІураб гьесул биялде. Гьабилил биялъалдасаги цІикІкІараб баркат рещтІинабилин рагІи кьолеб буго гьелъ. 25 Воре, нужеца инкар гьабуге Аллагьасул рагІиялдалъун кІалъалев чиясдаса. Дуниялалда гІадамал кантІизарулесухъ гІенеккизе инкар гьабурал чагІазда хвасарлъизе кІвечІо. Зобалаздасан кІалъалесухъ гІенеккичІони, нилъ хвасарлъизего хвасарлъиларо. 26 Доб мехалда гьесул гьаркьица ракь гьаргьадизабуна, гьанже гьес рагІи кьуна: «Цоги нухалъ дица, ракь гуребги, зобги гьаргьадизабила», – ян. 27 Гьаргьадулареб жо нахъе хутІизелъун, гьаргьадулебаб, ай бижун букІарабаб, тІубанго тІагІинин абураб магІна буго гьеб «цоги нухалъ» абураб калимаялъул. 28 Аллагьасе рецц гьабилин гьаргьадулареб ПарччахІлъи нилъее щвезе бугелъул. Гьев разияб нухдасан хьвадун, намусадго ва хІинкъадго хъулухъ гьабилин нилъер Аллагьасе. 29 Кинабго бухІун-къвагъун рехулеб цІадуда релълъуна Аллагь!

13

1 Вацал гІадин цоцазе рокьулеб гІадат гІодобе рехуге нужеца. 2 Нухлулазе гьоболлъи гьабичІого тоге – жидедагоцин лъачІого цо-цояз малаикзаби ратана рокъоре рачун. 3 Туснахъалда ругелги кІочон тоге, нужго гьезда цадахъ гьенир рукІарал гІадин. Унта-щокълъиялъ гІазаб кьолеб бугелги кІочон тоге, нужго гьелъ кІвекІулел ругел гІадин. 4 Киназго адаб гьабизе ккола ригьнал. Рос-лъадиги цоцазе хилиплъизе бегьуларо. Саяхъаб ва хъахІбаяб умматалъе Аллагьас гьабила суд. 5 ГІарцуде бугеб рокьиялъул лагъзаллъун лъугьине гурин, бугелда разилъун чІа. Аллагьасги абун бугелъул: «Киданиги дица мун рехун теларо ва гІодов ккезеги виччаларо». 6 Гьединлъидал нилъеца расги хІинкъичІого абизе бегьула: «БетІергьанас дие квербакъула, Дун сундасаниги хІинкъуларо». 7 Нужеда Аллагьасул рагІи малъарал ва бетІерлъи гьабулел гІадамал ракІалде щвезаре. Гьезул гІумруялъулги хвалилги пикру гьабе ва гьезул божи-иманалдаса мисал босе. 8 Сонги, жакъаги, абадул-абадиялъги хиси гьечІев вуго ГІиса МасихІ! 9 БатІи-батІиял чияр гІелмабаз нужго къосинаризе риччаге. Аллагьасул баркаталдалъун нужер ракІал къвакІизаруни, лъикІ букІина. Кванил рахъалъ батІи-батІиял рихьизариял тІуразаризе малъулел ва лъиениги пайда бахинчІел гІелмабаз ракІал къвакІизаруларо. 10 Нилъеца къурбаналъе къачІараб бакІалдаса гьан кваназе бегьуларо жугьутІазул къурбан хъолеб бакІалъул кашишзабазе. 11 Бищунго кІудияв кашишас би босун уна Бищунго Мукъадасаб бакІалде – мунагьал чуризелъун гьеб Аллагьасе кьезе. Гьел хІайваназул къулагІаби росдадаса яги шагьаралдаса къватІирехун рухІула. 12 Гьединго ГІисаги хвана шагьаралдаса къватІивехун, жиндирго биялдалъун гІадамазул мунагьал чуризе. 13 Гьединлъидал гьесда хадур къватІирехун рилълъинин нилъги, гьес хІехьараб инжитлъи-хІакъирлъиялъул бутІа щвезе! 14 Гьаб ракьалда гьечІо нилъ кидаго чІолеб шагьар. Нилъер хьул буго зобалаздасан рещтІине бугеб шагьаралде рорчІилилан. 15 ГІисал цІар рехсон Аллагьасе рецц гьабилин, – гьеб буго нилъер къурбан. Гьеб къурбан Аллагьасухъе щола щибаб нухалъ ГІисал цІар рехсараб кІалдисан. 16 Цоцазе лъикІлъи гьабичІого тоге, нужер бугебги цоцазе кье, – гьебги Аллагь разилъулеб къурбанин кколеб. 17 Нужер жамагІатазе бетІерлъи гьабулезухъ гІинтІаме ва гьезие мутІигІлъе, кидаго рорчІуда чІун нужер рухІал цІунула гьез ва Аллагьасе гьабураб хъулухъалъул жавабги кьола. Биччанте гьез гьеб, угьдилаго-зигардилаго гуреб (гьелъул нужее пайда гьечІо), рохуца холаго гьабизе. 18 Нижги дугІадулъ рехсе. Нижер ракІчІун буго нижер намус бацІцІад букІиналда. Кидагоги ритІухъго хьвадизелъидал ниж къеркьолел ругел. 19 Дица кутакалда гьарулеб буго нужеда, Аллагьасда гьарейин хехгого дун гьанжеги нужехъе витІейилан. 20 Абадияб КъотІиялъул биялдалъун нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІ, гІиял рехъеналъул кІудияв вехь, хваралъуса вахъинавурав ва рекъел рещтІинабурав Аллагьас нужее 21 щвезабеги гьесул амру тІубазе къваригІунебщинаб лъикІлъи. ГІиса МасихІица квербакъаги нужее Аллагь разилъулебщинаб тІубазабизе. МасихІие абадияб-даимаб рецц! Амин. 22 Дица нужеда гьарулеб буго, вацал, гьаб дир гІемерго халалъичІеб кагътида хъвараб насихІаталъухъ сабурго гІенеккеян. 23 Нилъер вац Тимофей туснахъалдаса къватІиве виччан вуго. Хехгого гьаниве щвани, гьевги цадахъ вачина нужехъе вачІунеб мехалъ. 24 Салам бице нужер жамагІатазе бетІерлъи гьабулезда ва тІолабго Аллагьасул халкъалда. Италиялдаса вацазулги буго нужеде салам. 25 Аллагьасул баркат лъеги нужеда киназдаго.