Галатиязухъе
11 - 2 ГІадамаз витІичІев, гІадамазул кумекалдалъунги витІичІев, живго ГІиса МасихІица ва хваралъуса гьев вахъинавурав Эмен – Аллагьас витІарав чапар Павелица ва цадахъ ругел киналго диналъул вацаз хъвалеб буго гьаб кагъат Галатиялда ругел иман лъуразул жамагІатазде. 3 Нилъер Эмен – Аллагьасул ва ТІадегІанав ГІиса МасихІил баркатги саламги лъеги нужеда. 4 Гьаб гІасияб гІасруялдаса нилъ хвасар гьаризе ва нилъер мунагьал чуризе, Инсул амруялдалъун, ГІиса МасихІица живго рецІалие кьуна. 5 Нилъер Эмен – Аллагьасе абадул абадиялъго реццги цІарги! Амин! 6 Дун хІикмалъун вуго МасихІил баркаталдалъун иман лъезе нуж ахІарав Аллагь нужеца гьадигІан хехго рехун тедал. Нуж батІияб «рохалил хабаралде» руссун руго, 7 хІакъикъаталда гьеб Рохалил хабар гуро. Цо-цо гІадамаз нуж ита-таризе гьарулел руго, ва гьез хІаракат бахъулеб буго МасихІил хІакъалъулъ Рохалил хабар мекъса сверизабизе. 8 Амма, нижеца лъазабураб гуреб, цогидаб «рохалил хабар» хІатта нижеца яги зодисан рещтІарав малаикас нужеда гьеб лъазабун бугониги, – абадиялъго нагІана батаги гьеб лъазабурасе. 9 Нижеца цебеги абун букІана, гьале дица нахъеги абулеб буго: нужеца къабул гьабураб тун батІияб «рохалил хабар» нужеда лъазабурав чиясе абадиялъго нагІана батаги! 10 Дидаса гІадамал разилъизе гуреб, Аллагь разилъизейин дица гьадин абулеб бугеб. ГІадамазда дунго лъикІ вихьизеги гуро. Цебего гІадин, гІадамазда лъикІ вихьизе жал дица гьарулел рукІаралани, дун МасихІил лагълъун вукІинароан. 11 Нужеда лъай, вацал, дица лъазабулеб бугеб Рохалил хабар гІадамаздасан бачІараб гуро. 12 Инсанасдасан гурелъулха дихъе гьеб щвараб, инсанас малъунги щвечІо дихъе гьеб. Дие гьеб ГІиса МасихІица загьир гьабуна. 13 Нужеда рагІанагури, жугьутІ диналда дун вукІараб мехалъ, дица гьарулел рукІарал жалазул хІакъалъулъ, – Аллагьасде иман лъуразул агьлуялъе гІасиго гІазаб-гІакъуба кьолаан ва гьеб щущахъ биххизабулаан. 14 ЖугьутІ диналда вукІараб мехалъ дун цеве кколаан дир халкъалда гьоркьоса гІемерал гІелбащадаздаса. ЦІакъго-цІакъ цІунулел рукІиндалха дица дирго умумузул гІадатал! 15 Амма эбелалъул ургьивго дун тІаса вищарас ва жиндир баркаталдалъун жиндие хъулухъ гьабизе дун ахІарас 16 дие загьир гьавуна жиндирго Вас, гьесул хІакъалъулъ Рохалил хабар дица цогидал халкъазе бицинелъун. Гьебмехалда дица цониги инсанасулгун гІакълу дандбачІо. 17 Дидаса цере чапарзабилъун лъугьарал гІадамал рихьизе Иерусалималдеги инчІо дун. Дун ана гІарабиязул ракьалде, цинги Дамаск шагьаралде тІадвуссана. 18 Гьелдаса хадуб лъабго лъагІел сверидал, дун, Кефа вихьизе бокьун, Иерусалималде ана. Гьесда аскІоб дица анцІила щуго къо бана. 19 ТІадегІанав ГІисал вац Якъуб гурони, цогидал чапарзаби дида рихьичІо. 20 ХІакъал рагІаби руго гьал дица нужехъе хъвалел. Аллагьасда лъала дица гьереси бицунеб гьечІеблъи. 21 Цинги дун ана Сириялъул ва Киликиялъул ракьалде. 22 Гьеб заманалда дун жеги вихьун вукІинчІо МасихІиде иман лъуразул Ягьудиялда ругел жамагІатазда. 23 ГІицІго цогидаз бицун лъалеб букІана гьезда цеве нилъеда дандечІун вукІарав чияс гьанже тІибитІизабулеб бугин доб мехалда жинца щущахъ биххизабизехъин букІараб дин. 24 Дие ккарабщинабги рагІун, гьез Аллагьасе рецц гьабулеб букІана.
21 Цинги анцІила ункъо соналдасан Барнабада цадахъ нахъеги Иерусалималде ана дун, Титги цадахъ вачана. 2 Аллагьас айилан лъазабидал, ана дун гьениве. БатІи-батІиял халкъазда лъазабураб Рохалил хабар дица къо-асс бугелилан рикІкІунел гІадамазда бицана, батІаго гьелгун дандчІван. ГІадада ккечІодай дир чодул кІанцІи, пайда бахинадай гьанже кІанцІиялъулгиян абуна дица гьезда. 3 Дида цадахъ вукІарав Титцин, гьев грекав вукІаниги, сунат гьабизе лъицаниги тІамичІо гьенив. 4 Амма цо-цо «гьересиго вацал» дагьа-дагьалккун нижеда гъорлъе рорчІулел рукІана, МасихІ ГІисадасан щвараб нижер эркенлъи кинаб бугебали жасуслъи гьабизе ва ниж лагъзаллъун ккезаризеги бокьун. 5 Рохалил хабаралъул хІакъаб магІна нужелъ хутІизелъун цо лахІзаталъгицин мутІигІлъичІо ниж гьезие. 6 Амма къо-асс бугелилан рикІкІунел гьел гІадамаз, – дие батІалъи гьечІо гьел щал рукІун ратаниги, гьурмахъ балагьун иш гьабуларелъулха Аллагьас, – къо-асс бугелилан рикІкІунел гьел гІадамаз щибго тІаде жубачІо дица лъазабулеб букІаралде. 7 Гьелъул гІаксалда, гьезда бихьана, жугьутІазда Рохалил хабар лъазабизе Пётрие изну кьун букІарабго гІадин, цогидал халкъазда гьеб лъазабизе Аллагьас диеги изну кьун букІин. 8 ЖугьутІазда Рохалил хабар бицунеб мехалда Пётрилъ букІараб РухІ дилъги букІиндалха цогидал халкъазда Рохалил хабар бицунеб букІараб мехалда. 9 Цинги дие щвараб баркатги лъан, дихъеги Барнабахъеги, нилъ цолъун рукІинилан, квер бегьана иман лъуразул агьлуялъул бутІруллъун рикІкІунел рукІарал Якъубица, Кефаца ва Иоанница. ХІукму ккана ниж цогидал халкъазухъе ине, гьел жугьутІазухъе ине. 10 Гьез цохІо жо гьарана нижеда, жидер мискинзаби кІочон тогеян, – гьелъиени дица кидагоги хІаракат бахъула! 11 Амма Пётр Антиохиялде вачІараб мехалъ, гІадамазда цеве гьесда дандечІун кІалъазе вахъана дун, гьениб гьес гьабидалха гІайиб чІвазе ккараб иш. 12 Якъубица ритІарал гІадамал гьенире рачІиналде гьев кваналаан мажусиязда гьоркьоса иман лъуразда цадахъ гІодовги чІун. Гьел рачІун хадуса гьес байбихьана, жугьутІазда гьоркьоса иман лъураз жиндаго гІайиб чІвалилан хІинкъун, дозда аскІоса ватІалъизе. 13 Гьесда цадахъ гьебго жо хІазе лъугьана цогидал жугьутІалги. ХІатта Барнабагицин лъугьана гьезухъего хІазе! 14 Рохалил хабаралъул хІакъикъияб нухдаса гьел кьурулел рукІин бихьидал, киналго ругеб бакІалда дица Кефада абуна: «ЖугьутІав вугониги, мун цогидал халкъазул гІадамал гІадин хьвада-чІвадулев вуго. Дуца цогидал халкъазул гІадамал щай тІамулел ругел жугьутІазухъего хьвадизе?» – ян. 15 «Мунагьазул цІурал мажусияллъун» гурел, жугьутІаллъун рижун руго ниж. 16 Амма нилъеда лъала Аллагьасда цеве инсан, Къанун цІуниялдалъун гурев, цохІо ГІиса МасихІиде бугеб божи-иманалдалъун ритІухълъулевлъи. Нилъеца ГІиса МасихІиде иман лъуна, – Къануналъ малъухъе хьвадиялдалъун гуреб, МасихІиде иман лъеялдалъун Аллагьасда цере ритІухълъизе бокьун. Къануналъ малъухъе хьвадиялдалъун цониги инсан ритІухълъуларо. 17 МасихІидеги цолъун, Аллагьасда цере ритІухълъизе нилъеца хІаракат бахъулеб бугониги, нилъ мунагьал гьарулел чагІилъун лъугьунел ругони, – МасихІги мунагьалъул рахъалда вугин абураб магІна кколебищ гьелъул? Гьайгьай, кколаро! 18 Дицаго биххизабунщинаб жо цІидасан гьабизе лъугьани, Мусал Къанун хвезабурав такъсирчилъун лъугьинавила дица дунго. 19 Къануналда рекъон дун хварав чи ккола. Къануналъ дун чІвана Аллагьасе гІоло дица гІумру гьабизе. МасихІида цадахъ хъанчида варав чийин дунги. 20 Гьединлъидал дун тІокІалъ чІаго гьечІо, амма дилъ МасихІ чІаго вуго. ГьабсагІат дир бугеб гІумру – гьеб буго Аллагьасул Васасде иман лъеялдалъун щвараб гІумру. Гьесие дун вокьана ва жиндирго гІумруги гьес дие кьуна. 21 Аллагьасул баркаталдаса дица инкар гьабуларо. Къануналъ малъухъе хьвадиялдалъун Аллагьасда цеве ритІухълъизе инсанасда кІолеб бугони, МасихІил хвел гІададисеб буго!
31 Вай, нуж гІакълу гьечІел галатиял! ГІажаибго хиса-сверана нуж. Нужер беразда цеве ГІиса МасихІ хъанчида ван вихьарал гІадинал гІадамал гурищ нуж рукІарал. 2 Дир цо суалалъе жаваб кье нужеца: Къануналъ малъарал жал гьариялдалъунищ нужее Илагьияб РухІ щвараб, яги, Рохалил хабар рагІун, гьелда божиялдалъунищ? 3 ГьедигІанго гІантал гІадамалищха нуж? РухІалдасан байбихьарал нужеца мунагьаб напсалдалъун лъугІизабулебищ бугеб? 4 Нужеда тІаде ккараб хІалбихьиги хІехьараб къварилъиги гІададайищха ккараб? ГІадада ккезе бегьилищ гьеб! 5 Къануналъ малъараб нужеца гьабидалищ, яги, Рохалил хабар рагІун, гьелда божидалищ – Аллагьас нужее Илагьияб РухІ кьураб ва нужеда гІаламатал рихьизарурал? 6 Гьедин Ибрагьимги Аллагьасда божана, гьединлъидал гьес гьевги жиндие ритІухъав чилъун рикІкІана. 7 Нужеда лъан букІа: божи-иман къабул гьабурал гІадамал Ибрагьимил лъималлъун ккола. 8 Аллагьасда лъалаан гьезул божи-иманалдалъун халкъал ритІухъ гьаризе ругеблъи. Гьединлъидал, Ибрагьимида Рохалил хабарги бицун, ТІехьалда хъван букІана дудалъун киналго халкъазе баркат щвезе бугилан. 9 Гьедин иманалде рачІаразеги щола жиндирго божи-иманалдалъун Ибрагьимие щварабгІанасеб баркат. 10 Къанун цІуниялде мугъчІвай гьабулел гІадамал нагІанадулъ къан руго. ТІехьалда хъван бугелъулха: «Къануналъул тІехьалда хъван бугебщиналъул рахъ кколаресе ва гьеб кинабго кидаго тІубазабуларесе нагІана щола». 11 Гьелдасан бичІчІула Къанун цІуниялдалъун Аллагьасда цеве щивниги ритІухъавлъун рикІкІунаревлъи. Хъван буго: «ВацІцІадав инсан божи-иманалдалъун чІаго хутІила». 12 Божи-иманалдасан гуро Къанун бачІун бугеб. Хъван буго: «Къануналда жанир ругел Аллагьасул амруял тІуразариялдалъун инсан чІаго хутІила», – абун. 13 Къануналъул нагІанаялдаса нилъги хвасар гьарун, нилъее гІоло гьеб жиндаго тІаде босана МасихІица. ТІехьалда хъван бугелъулха: «ГъотІода жаназа бан бугесулъ Аллагьасул нагІана буго». 14 Гьеб лъугьана Аллагьас Ибрагьимие рагІи кьун букІараб баркат МасихІ ГІисадалъун халкъазе щвезе гІоло ва Аллагьас къотІи гьабун букІараб РухІ божи-иманалдалъун нилъее щвезе гІоло. 15 Гьале, вацал, нужее гІадамазул гІумруялдаса мисал. Цо пуланав чияс хъвараб ва тасдикъ гьабураб васият хвезабизе яги хисизабизе лъилниги ихтияр гьечІо. 16 Гьединго Аллагьасги рагІи кьун букІана «Ибрагьимиеги гьесул наслуялъул чиясеги». Гьес «наслуйилан» (гІемерал чагІийилан) абун гьечІо, «наслуялъул чийилан» (цохІо чийилан) абун буго. Гьеле гьев чи вуго МасихІ. 17 Дица гьадин абила: цебего Аллагьас гьабун букІараб къотІи хисизабуларо ва Аллагьас кьураб рагІиги хисизабуларо гьелдаса ункъусиялда лъеберго соналъ хадуб рещтІараб Къануналъ. 18 Щай гурелъул Къануналдасан щвараб ирс – гьеб кколаро Аллагьас рагІи кьун букІиндал щвараб ирслъун. Амма Ибрагьимиде Аллагьас баркат рещтІинабуна жинца кьураб рагІуда рекъон. 19 Гьедин батани, Къанун щайха къваригІун букІараб? Такъсир сабаблъун тІаде жубан букІана гьеб. Аллагьас рагІи кьун букІарав дов Ибрагьимил наслуялъул чи вачІинегІан хІалтІизабизе рещтІана гьеб. Малаикзабазда кодоса щвана гьеб, гьоркьохъанлъун инсанги вукІана. 20 Гьоркьохъан вукІуна кІигоясда гьоркьов, амма Аллагь цохІо вуго! 21 Щибха гьаниб кколеб бугеб – Аллагьас кьураб рагІиялде дандечІунищха Къанун бугеб? Гьайгьай, гьечІо! Камилаб гІумру кьезе кІолеб Къанун щун букІарабани, гьебмехалда хІакъикъаталдаги Къануналдалъун ритІухълъилаан Аллагьасда цере. 22 ТІухьдуз бицунеб буго тІолабго гІалам мунагьалъулъ къан бугин, – ГІиса МасихІида божарасе кьелилан рагІи кьун букІарабги иман лъуравщинав чиясе щвезе гІоло. 23 Божи-иман рещтІинегІан ниж жанир тІамун рукІана, Къануналъ хъаравуллъиги чІезабун. Гьедин хутІана божи-иман загьирлъизегІан. 24 Цинги, МасихІ вачІинегІан, Къануналъ къайимлъи гьабуна нижее, – Аллагьасда цере божи-иманалдалъун ритІухълъизе. 25 Божи-иман рещтІун хадуса ниж хутІичІо къайимлъи гьабулесул ихтияралда гъоркь. 26 МасихІ ГІисаде бугеб божи-иманалдалъун Аллагьасул лъималлъун лъугьана нуж киналгоги. 27 МасихІидалъун лъадалъ ччун рахъана нуж, ва МасихІ нужее цІияб ретІеллъунги лъугьана. 28 Гьанже тІокІалъ гьечІо я жугьутІал, яги грекал, я лагъзал, яги уздензаби, я бихьинал, яги руччаби – нуж киналго цолъана МасихІ ГІисадалъун. 29 МасихІилаллъун лъугьун ругелъул, нуж ккола Ибрагьимил наслуялъул гІадамал ва Аллагьас кьураб рагІиялъул ирсилал.
41 Дица гьадин абила: гьитІинаб лъимер вугеб мехалда ирсилав лагъасда релълъун вукІуна, жиндирго бечелъиялъул бетІергьан вугониги. 2 Инсуца цІараб болжалалде щвезегІан гьев вукІуна къайимзабазулги рукъалъул иш тІадкъаразулги кверщаликь. 3 Гьедин, лъималлъун ругеб заманалда нилъги рукІана дуниялалъул тІабигІиял къуватазул кверщаликь. 4 Амма, заман цІубараб мехалда, Аллагьас витІун вачІана чІужугІаданалъ гьавурав жиндирго Вас. Къануналъул кверщаликь гьавуна гьев – 5 Къануналъул кверщаликь ругелал тархъан гьаризе ва нилъ гьесул лъималлъун лъугьине. 6 Нилъ гьесул лъимал ругелъул, Аллагьас жиндирго Васасул РухІ нилъер ракІазулъе рещтІинабуна, ва гьеб РухІалъ ахІулеб буго: «Абба! Я дир Эмен!» – абун. 7 Гьединлъидал тІокІалъ мун лагъ гуро, вас вуго! Вас вугелъул, Аллагьасул бугебщиналъул ирсилавлъунги лъугьун вуго мун. 8 Нужедайин абуни, доб мехалда Аллагь лъалев вукІинчІо, – гьересиаллагьзабазе лагълъи гьабулел хутІун рукІана нуж. 9 Гьанже, Аллагь нужеда лъараб, битІун абуни, Аллагьасда нуж лъараб заманалда, щайха нуж дол щибго гьабизе кІоларел ва пайда гьечІел къуватазде нахъеги тІадруссунел, нахъеги ва нахъеги гьезул лагъзаллъун лъугьунел? 10 Нужеца хирияллъун рикІкІунел руго цо хасал къоял, моцІал, лъагІалил заманаби ва лъагІелал. 11 Дун хІинкъун вуго нужее гІоло гьабщинаб захІмат баччи гІададацин гуродай дир ккарабилан. 12 Дица нужеда цІакъ гьарулеб буго, вацал, дида релълъун лъугьаян, нужеда релълъун дунги лъугьун вугелъулха. Нужеца дун сундалъунниги къварид гьавичІо. 13 Цебе нужеда Рохалил хабар бицине рес рекъеялъе сабаблъун ккана дир черх загІиплъун букІин. Нужеда гьеб лъала. 14 Дида бугеб хІалалъухъ балагьун щакдаризе кколел рукІаниги, нужеца дун инжитго нахъчІвачІо. Нужеца дун къабул гьавуна Бичасул малаик гІадин ва ГІиса МасихІ гІадин. 15 Доб мехалда нужер ракІазулъ букІараб талихІ-рохелалъул асар кибе араб? Дица ракІчІун абила: бахъун берги кьелаан нужеца добмехалда дие. 16 ХІакъабщинаб нужеда бицун хадуса, гьанже нужер тушманлъунищха дун ккарав? 17 Гьал цогидал гІадамал рекІелъ квешал къасдалгун хурхун чІун руго нужеда, нуж дидаса ратІа гьаризе ва нужги гьезда хурхун чІезе. 18 Гьедин (дун нужеда аскІов вугеб мехалъ гуребги) хурхун чІей лъикІаб иш бугоан, лъикІал къасдалгун бугебани гьеб. 19 Я дир лъимал, лъимер гьабизе хІара чІварай эбел гІадин лъугьун вуго нуж сабаблъун дун гьанжеги. Гьедин дун хутІила МасихІил сипат нужелъе лъугьинегІан. 20 Дие цІакъ бокьилаан гьанже нужеда цадахъ вукІине, батІияб къагІидаялъ нужгун кІалъазе. Дун нужеда хІинкъун вугелъулха! 21 Ле, нуж Къануналъул кверщаликь хутІизе бокьарал гІадамал! Къануналъ щиб бицунеб бугебали рагІарабищ нужеда? 22 Гьениб хъван буго: Ибрагьимил вукІана кІиго вас – лагъалъ гьавурав цо, узденалъ гьавурав – цогидав. 23 Лагъалъул вас гьавуна цогидалго гІадин, узденалъул вас гьавуна – Аллагьас рагІи кьун букІиндал. 24 Гьелъулъ буго магІна гъваридаб гІаламат: гьей кІияйго чІужугІадан ккола Аллагьасул кІиго къотІи. 25 ГІарабустаналда бугеб Синай магІардасан бачІараб къотІиялъул гІаламатлъун ккола Гьажар. Лагълъун йикІаго гьаруна гьелъ лъимал. Гьединлъидал гьей релълъуна гьанжесеб Иерусалималда, – гьебги гьелъул гІадамалги лагълъиялда руго. 26 Нилъее эбеллъун кколеб Зобалазул Иерусалим эркенлъиялда буго. 27 ТІехьалда бугелъулха: «Йо, лъимер гьабуларей чІужугІадан, йоха-хинлъун йикІа мун. Лъимадул хІара чІван унти лъачІей мун йохун ахІдезе-чІчІичІчІидизе лъугьа. Рос вугелъулалдаса цІикІкІун руго рехун таралъул лъимал». 28 Нужни, вацал, ИсхІакъго гІадин, Аллагьас кьураб рагІиялда рекъон гьарурал лъимал руго. 29 Цогидалго гІадин эбелалъ гьавурав васас къварилъи гьабулеб букІана Аллагьас кьураб рагІиялда рекъон гьавурав васасе доб заманалда. Гьедин буго гьанжеги. 30 ТІухьдуз щибха абулеб бугеб гьелъул хІакъалъулъ? «Лагъги гьелъ гьавурав васги нахъе рачахъе, узденалъ гьавурав васасда цадахъ ирс щоларо лагъалъ гьавурав васасе». 31 Гьединлъидал, вацал, нилъ лагъалъул лъимал гуро, узденалъул лъимал руго!
51 Эркенлъи щвезелъун тархъан гьаруна МасихІица нилъ. Гьединлъидал гьеб эркенлъиги ккун чІа, лагълъиялъул рукь нахъеги горбоде ккезе биччаге. 2 Гьале дица, Павелица, абулеб буго нужеда: нужеца гьанже сунат гьабуни, нужее МасихІидасан щибго пайда букІине гьечІо. 3 Цоги нухалъ лъазабулеб буго дица: сунат гьабулевщинав чияс тІолабго Къанун цІунизе ккола. 4 Къанун цІуниялдалъун Аллагьасда цере ритІухълъизе бокьарал нуж МасихІидаса ратІалъана. Баркаталдасаги тІуна нуж. 5 Нилъер хьул буго Аллагьасда цере ритІухълъилилан. Божулел ругелъулин нилъ гьелъухъ ралагьун чІолел. 6 МасихІидехун цолъаразе амрулъун кколаро сунат гьаби ялъуни гьабичІого тей. Амма гьезие амру ккола цоцазе рокьиялдалъун загьирлъулеб божи-иман. 7 Нужер чу лъикІго бекерулеб букІана, – хІакъабщиналда божизе лъицаха нужее квалквал гьабулеб бугеб? 8 Нуж жиндихъего ахІарав Аллагьасдасан бачІараб жо гуро нужер пикру хисизабизе гьез бахъулеб хІаракат. 9 ГьитІинаб ицица тІубараб тІимугъ кванала. 10 Амма дир ракІчІола, ТІадегІанав ГІисадехунги цолъун, нужеца батІияб пикру гьабиларилан. Нуж ита-таризе гьарулев чиясе, щив гьев вукІаниги, Аллагьас суд гьабила. 11 Дирго рахъалъ абуни, вацал, дица цебе гІадин малъулеб бугеб батани сунат гьабизе кколилан, щиб сабаблъунха дие гьанжеги гІакъуба кьолеб бугеб? Гьеб гьедин букІарабани, МасихІ жинда тІад вигъараб хъанчил хІакъалъулъ дир вагІзаялъ гьезул ццин бахъинабилароан. 12 Дие бокьилаан нуж итизе-таризе гьарулел ругел гьел гІадамал, жидецаго жидерго лугбиги къотІун, гІайиблъизе! 13 Нуж руго, вацал, эркенго рукІине Аллагьас тІаса рищарал чагІи. Амма гьеб эркенлъиялдаса нужеца пайда босуге нужерго напсалъул гьаваялда нахърилълъине. Цоцазде бугеб рокьиги тІезе биччаге, вацал, цоцазул лагъзаллъунги рукІа! 14 ТІолабго Къануналъул магІна буссун бугелъулха цохІо амруялде: «Мунго дуего гІадин вокье дуде гІагарав чиги». 15 Нужго нужедаго хІанчІелел ва цоцаца кваналел ругони, цоцаца кванан лъугІизе гурин нуж. 16 Гьале дица нужеда абулеб: нуж хьваде РухІалъ малъулеб бугеб куцалда, напсалъул гьаваялда хадур инаро нуж гьебмехалда. 17 Напсалъе бокьула РухІалъе тушманабщинаб, РухІалъеги бокьула напсалъе тушманабщинаб. РухІги напсги цоцалъ рагъулел ругелъул, рекІее бокьараб гьабизе бажаруларо нужехъа. 18 РухІалъ малъараб гьабулеб бугони, Къануналъул кверщаликь рукІунаро нуж. 19 Нилъеда лъала напсалъ гьабулебщинаб: хъахІбалъи, хъублъи, пасалъи, 20 гьересиаллагьзабазе лагълъи гьаби, сихІручилъи, тушманлъи, дагІба-къец, ракІквешлъи, ццидахин, чІухІун церекІанцІи, цоцазда гьоркьоб рикьи ккезаби, рикьалаби гІуцІи, 21 жахІда, гьекъел-мехтел, пасатго лазат-кеп босизе данделъи ва гьезда релълъаралги. Дица цебеги абун букІана ва гьанжеги лъазабулеб буго нужеда: гьединал ишал гьарулел гІадамазе Аллагьасул ПарччахІлъи насиблъуларо. 22 РухІалъ инсанасе босун бачІуна: рокьи, рохел, рекъел, сабру, лъикІлъи, ракІлъикІлъи, божизе бегьи, 23 хІалимлъи, жиндаго квелъ базе бажари. Гьел сабаблъун лъиениги тамихІ гьабуларо. 24 МасихІ ГІисаде цолъараз, жидерго мунагьаб напс хъанчида тІад бигъараб гІадин, чорхол киналго лазаталги гьаваги къезаруна. 25 Нилъее гІумру РухІалъ кьун бугелъул, нилъ хьвадизе ккела РухІалъ малъухъе. 26 РачІа нилъ рецц-бакъалда хадур лъугьинарин, цоцазул ракІхвезабун къацандиларин ва нилъеца цоцаздехун жахІдаги гьабиларин.
61 Я дир вацал, цо чияс кинаб бугониги мунагь гьабун букІин лъани, РухІалъ малъухъе хьвадулел ругелъул нуж, хІалимго-хІеренго битІараб нухде ваче нужеца гьев. Вореха, нужгоги къосине гурин. 2 Цоцазул раччи бачче нужеца ва гьедин МасихІил къанунги цІуне. 3 Цо лъиданиги ракІалде кколеб бугеб батани, щивго гурев жоги вукІаго, жив щивнигийилан, гьес живго гуккулев вуго. 4 Щивав чияс хал гьабизе ккола жиндирго ишазул. Гьел ишал лъикІал ругони, цогидазул ишазул пикруги гьабичІого, гьездаса разилъизе бегьила гьев. 5 Щивас жиндирго гьир баччизе кколелъулха! 6 Аллагьасул рагІи тІалаб гьабулев вугев чияс жиндиего щвараб боцІи-рикъзи бикьун кьезе ккола гьеб малъулев насихІатчиясеги. 7 Къосине чІоге нуж: лъиданиги кІоларо Аллагь гуккизе! Бекьараб гурони хуриб бижуларо. 8 Напсалъе бокьулеб бекьарасе напсалъул хуриб хвел бижула; РухІалъе бокьулеб бекьарасе РухІалъул хуриб абадияб гІумру бижула. 9 ЛъикІлъи гьабулаго нилъ ракІ гІодоб чІван рукІинарин. ТІадчІун хІалтІани, нилъер хуриб хІалухъен жиндир заманалда бижила. 10 Гьанже, рес букІаго, лъикІлъи гьабилин, хасго нилъерго диналъул агьлуялъе. 11 Балагье дирго квералъ гьел рагІаби кигІан чІахІиял хІарпаздалъун нужехъе хъван ругелали. 12 ГІадамазда жалго лъикІ рихьизе бокьулез нуж сунат гьабизе тІамизе хІаракат бахъулеб буго, МасихІил хъанчидалъун жидее гІазаб-гІакъуба щунгутІизелъун. 13 Сунат гьабиялъул рахъ кколез жидецагоги тІубазабуларо Къануналъ абулебщинаб. Гьезие бокьун буго нуж сунат гьабизе тІамизе, балагье нужги напсалъе мутІигІлъулел ругилан чІухІдаризе гІоло. 14 Диени киданиги сундасаниги чІухІизе бокьиларо, нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІил хъанчидаса гурони! Гьеб хъанчида тІад бигъун хвана дие гІаламги гІаламалъе дунги. 15 Сунат гьабиялъулъ яги гьабунгутІиялъулъ гуро иш бугеб, цІияб вижиялдалъун вижун вукІиналъулъин. 16 Гьеб амруялда рекъон хьвадулелщиназде рекъелги баркатги рещтІаги ва Аллагьас тІаса бищараб тІолабго халкъалдеги рещтІаги. 17 Гьанжеялдаса нахъе лъицаниги кьоге дие гІакъуба, дир черхалда ругелъулха ГІисада лъурал ругънал! 18 Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІил баркат лъеги, вацал, нужер рухІазда. Амин!