Эфесиязухъе

1

1 ГІиса МасихІил чапарлъун вукІине Аллагьас витІарав Павелил рахъалдасан салам буго Эфесалда ругел диналъул вацазде – МасихІ ГІисаде цолъун рацІцІалъаразде ва ритІухълъаразде. 2 Нилъер Эмен – Аллагьасул ва ТІадегІанав ГІиса МасихІил баркатги саламги лъеги нужеда. 3 Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІил Эмен – Аллагьасе рецц! МасихІиде цолъарал нилъеда баркат лъун зобалаздасан лъикІабщинаб рещтІинабуна гьес нилъеде. 4 Жеги дуниял бижилелдего тІаса рищана Аллагьас нилъ, МасихІиде цолъун, жиндирго халкълъун лъугьине ва, рокьи рекІелъ цІунун, жинда цере рацІцІадго ва гІайиб-хатІа кколаредухъ хьвадизе. 5 Аллагьасул къадар букІун буго ГІиса МасихІидалъун нилъ жиндирго лъималлъун лъугьинаризе. ЛъикІлъи гьабизе бокьидалин Аллагьас гьедин гьабураб! 6 Аллагьасе рецц – жиндиего вокьулев Васасдалъун гьес нилъеде баркатги нурги рещтІинабидал! 7 - 8 Къурбанлъун лъугьун гІодобе тІураб МасихІил биялдалъун нилъги гьесде цолъизарун, нилъее тархъанлъи насиб гьабуна ва нилъер мунагьалги чурана. Аллагьас нилъее кьуна сундулъго гІакъиллъиги лъайги, кІудияб баркатги гьарзаго рещтІинабуна. 9 Аллагьас нилъее загьир гьабуна МасихІидалъун тІубазабизе кколеб букІараб жиндирго балъгояб мурад. 10 Зоб-ракьалда бижанщинаб МасихІиде цолъизабиялъул ва киналъулго бетІерлъун гьев гьавиялъул мурад Аллагьас тІубазабула болжал щвараб мехалда. 11 МасихІ сабаблъун Аллагьас нилъ тІаса рищана жиндирго халкълъун рукІине. Жиндиего бокьухъе кинабго гьабулесул къадар букІана 12 гьесул къудраталъе рецц гьабулеллъун ниж лъугьине. ТІоцебе МасихІиде хьул лъурал гІадамал ниж ругелъулха! 13 Нуж хвасарлъанилан Рохалил хабарлъун бугеб ритІухъаб рагІи рагІараб мехалъин нуж МасихІиде цолъарал. МасихІиде иман лъедал, нужедаги Илагьияб РухІалъул мугьру чІвана. 14 Аллагьас жиндирго халкъ тархъан гьабураб ва жиндие цІар-рецц гІемерлъараб мехалда нилъееги ирс щвезе букІиналъул гІаламатлъун буго гьеб Илагьияб РухІ. 15 Гьединлъидал, ТІадегІанав ГІисаде нужеца иман лъунин рагІаралдаса ва иман лъуразул агьлуялдего нужер рекІелъ рокьи букІинги лъаралдаса хадуб, 16 дугІадулъ нужги рехсон, дица кидаго Аллагьасе рецц гьабула. 17 Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІил Эменлъун вугев къудратав Аллагьас нужеде рещтІинабеги гІакъиллъи щвезабулеб ва балъгоябги загьирлъулеб РухІ. Гьелъ рачина нуж Аллагь лъаялде. 18 Аллагьас нужер рекІедаги канлъи бихьизабеги. Гьебмехалда бичІчІила сунде хьул лъезе нуж гьес ахІулел ругелали, иман лъуразул агьлуялъе гьесул илагьияб ирсги кигІан бечедаб бугебали. 19 Бицун хІалкІоларебгІан кІудияб гьесул къуват нилъелъ, жиндир къудраталдалъун иман лъуразулъ, букІинги бичІчІила. 20 Гьебго къуваталъин Аллагьас ГІиса хваралъуса вахъинавурав ва зобалазда жиндирго кваранаб рахъалда гІодов чІезавурав. 21 Тахида ругелги, кверщел бугелги, хІакимзабилъун ругелги, ханзабилъун ругелги рухІаздаса тІадегІанлъизавуна Аллагьас гьев. Гьаб дуниялалда ругелги, хадусеб дуниялалда рукІине ругелги киналго цІараздаса тІадегІанаб кьуна гьесие цІарги. 22 Кинабго гьесул хІатІикь лъуна Аллагьас. Кина-щиналдасаго кІодоги гьавуна. Иман лъуразул агьлуялъул бетІерлъунги гьавуна. 23 МасихІил Черхлъун ккола гьеб агьлу. Кинабго камиллъизабулес камиллъизабула гьебги.

2

1 Такъсирги мунагьги сабаблъун хварал чагІийин нужги рукІарал. 2 Цебе нужеца гІумру гьабулеб букІана гьаб дуниялалъул гІадатазда ва зоб-ракьалда гьоркьоб кверщел гьабулев ханасул амруялда рекъон. Аллагьасе мутІигІлъулареб агьлуялда тІад гьабсагІатги кверщел гьабулеб буго гьес. 3 Гьединал гурищ нилъ киналго рукІарал! Нилъерго гьаваялдаги квешал къасдаздаги хадур ун, чорхоеги рекІееги бокьанщинаб гьабулаан нилъеца. Гьеб тІабигІат сабаблъун, цогидазего гІадин, Аллагьасул ццин бахъин насиблъун букІана нилъееги. 4 Амма Аллагь цІоб гІатІидав вуго! Нилъедехун бугеб кІудияб рокьиялдалъунин 5 мунагь сабаблъун хун рукІарал нилъ МасихІида цадахъ гьес чІаголъизарурал. Аллагьас баркат лъун хвасарлъана нилъ. 6 - 7 ГІиса МасихІидалъун нилъеде гьарзаго рещтІараб баркаталъул кІодолъиги цІобалъул гІатІилъиги хадусел гІасрабазда загьир гьабизе нилъ МасихІ ГІисада цадахъ рахъинаруна ва зобалазда гьесда аскІор гІодор чІезаруна. 8 Аллагьасул баркаталдалъун иман лъеялъ хвасар гьаруна нуж. Нужедалъун гуро гьеб лъугьараб, Аллагьасул цІобалдалъунин. 9 Нужер ишазухъ щвараб шапакъат гурин гьеб, – гьелдаса чІухІуге щивниги. 10 Аллагьасин нилъ, МасихІ ГІисадеги цолъизарун, гьанже ругеллъун лъугьинарурал, – цереккунго нилъее рихьизарун рукІарал лъикІал ишал тІуразаризелъун. 11 ХІасил, нужеда кІочон тоге нуж жугьутІаллъун рижун рукІинчІолъиги, чорхол лага къотІун сунат гьабуралилан абулез нужеда «сунат гьабичІелилан» цІар лъун букІараблъиги. 12 Доб мехалда нуж МасихІидаса рикІкІад рукІана. Исраилил халкъалъеги чияраллъун рукІана нуж. Гьеб халкъалъе Аллагьас гьарун рукІарал къотІабиги кьун букІараб рагІиги нужеда хъатІулароан. Гьаб дуниялалда нуж рукІана хьул лъезе бакІги гьечІел Аллагьги гьечІел гІадамал. 13 Цере Аллагьасдаса рикІкІад рукІарал нуж, гьанже МасихІиде цолъун, гІагарлъана, – нужедасан къурбанлъун хварав МасихІил би сабаблъун. 14 Гьес нилъ рекъезаруна, жугьутІалги жугьутІал гурелги цого халкълъун лъугьинабуна, нилъеда гьоркьоб букІараб тушманлъиялъул къедги биххизабуна. 15 КІиго халкъги ракълидалъун жиндилъго цолъизабун, цо цІияб халкъ лъугьинабизелъун Къануналъул рихьизариялги къагІидабиги риххизаруна гьес, – жиндирго черхги къурбанлъун гьабун. 16 Хъанчида ван хвеялдалъун цого чорхолъ кІиго халкъ Аллагьгун рекъезабуна гьес, хъанчида тІадго чІвана гьезул тушманлъиги. 17 ВачІун гьес ракълил рохел бицана Аллагьасдаса рикІкІалъун рукІарал нужедаги ва гьесде гІагарлъун рукІараздаги. 18 Гьединлъидал гьесдалъун цого РухІалъул цІурал нилъее (жугьутІазеги цогидал халкъазеги) рес щвана Инсухъе ине. 19 ХІасил, гьанже нуж чиярал гуро, апарагзабиги гуро. Иман лъуразул агьлуялда гъорлъ ихтияр бащадал гІадамал руго нужги ва Аллагьас жиндираллъунги гьарун руго. 20 Чапарзабазги аварагзабазги тІамураб кьучІалда тІад бараб миналъун руго нуж. КьочІол гамачІлъунги МасихІ ГІиса вуго. 21 Гьелда тІад чІурканго балеб буго тІолабго мина. Гьелъул лъугьунеб буго Аллагьасул мукъадасаб рукъ. 22 Аллагьасул РухІ рещтІараб рукълъун рукІине, МасихІгун цолъун, нужги лъугьун руго гьеб миналъун.

3

1 Гьединлъидалин нужее – цогидал халкъазул гІадамазе – гІоло дун, Павел, лъугьун вугев ГІиса МасихІил туснахъавлъун. 2 Гьайгьай, нужеда рагІун батила нуж гІуцІа-къазе кигІан кІудияб тІадкъай жиндирго цІобалдалъун Аллагьас дие кьурабали. 3 Гьес дие загьирлъизабуна жиндирго балъголъи. Гьелъул хІакъалъулъ цебеги дица нужехъе къокъго хъван букІана. 4 Гьединлъидал гьаб кагъат цІалидал лъала нужеда МасихІил балъголъи кин дида бичІчІулеб бугебали. 5 Цересел наслабазе загьирлъун букІинчІеб гьеб балъголъи гьанже РухІалъ рагьана Аллагьасул мукъадасал чапарзабазеги аварагзабазеги. 6 Гьеб балъголъи буго цогидал халкъазул гІадамазе, жугьутІазего гІадин, Аллагьасдасан ирс щвеялъулъ: гьелги жугьутІалги цого чорхол лугбилъун лъугьана ва Аллагьас жугьутІазе кьун букІараб рагІи гьанже МасихІ ГІисадалъун Рохалил хабаралъе гІахьалаблъунги лъугьана. 7 Аллагьасул къудраталдалъун дие баркат щун, дун лъугьана гьеб Рохалил хабар тІибитІизабизе. 8 Иман лъуразул тІолабго агьлуялда гьоркьоса бищунго пакъирав дида баркат лъуна инсанасул гІакълу-лъай хадуб гІунтІулареб МасихІил хазинаялъул хІакъалъулъ Рохалил хабар цогидал халкъазул гІадамаздаги бицине 9 ва кинабго бижарав Аллагьасул балъгояб абадияб хІукму тІубараблъи киназего загьирги гьабизе. 10 Тахида ругелги кверщел бугелги зобалазул рухІазда гьанже иман лъуразул агьлуялдалъун лъала батІи-батІияб куцалда загьирлъараб Аллагьасул гІакъиллъи. 11 Жиндирго абадияб хІукму Аллагьас тІубазабуна нилъер ТІадегІанав МасихІ ГІисадалъун. 12 Гьевгун цолъун ва гьесде иманги лъун, хІинкъичІого ва ракІчІун хьвадулел руго нилъ Аллагьасда цере. 13 Гьединлъидал дица нужеда гьарулеб буго, нуж сабаблъун дие гІазаб кьолеб бугилан ракІ гІодоб чІван рукІунгейилан. Гьеб гІазаб сабаблъунин нуж бергьунел ругел. 14 ХІасил, Инсуда цеве накабазда чІун вуго дун. 15 Зоб-ракьалда ругелщиназе чІаголъи гьесул цІаралдасан бачІараб буго. 16 Дица гьесда гьарулеб буго жиндирго машгьураб хазинаялдасан нужее РухІалдалъун къуват кьейилан, нужер ракІ къвакІизабейилан, 17 иман лъеялдалъун МасихІ нужер рекІелъе лъугьинавейилан. Рокьи нужер кьибиллъунги кьучІлъунги лъугьаги. 18 Гьебмехалда, нужер гьунар гІела, киналго иман лъуразда гІадин, нужеда МасихІил рокьи лъазе – гьелъул гІеблъиги, халалъиги, борхалъиги, гъварилъиги лъазе. 19 Лъазего кІолареб бугониги, лъаги нужеда гьеб, – Аллагьасул камиллъи нужелъеги лъугьине. 20 Жинда гьаризе нилъеда кІолелдасаги, хІатта нилъеда ракІалде кколелдасаги гІемерго цІикІкІарабаб гьабизе нилъее къуват кьолев Аллагьасе рецц! 21 ГІиса МасихІил ва гьесде иман лъуразул агьлуялъул абадияб-даимаб рецц буго Аллагьасе!

4

1 ТІадегІанав сабаблъун жанив тІамурав дица нужеда гьарулеб буго Аллагьас нуж тІаса рищун рукІиналъе мустахІикъаб куцалда хьвадейилан. 2 ЧІухІи-пахрулъи чІвараллъун, гІодоре риччараллъун рукІа. Цояз цоял хІехьон, цоцазе рокьун, сабруялда хьваде. 3 Ракълил рахсица цоцаздехун рухьун, хІаракат бахъе РухІалъ кьураб цолъи нужелъго цІунизе. 4 ЦохІого Черхги, цохІого РухІги, Аллагьас нуж тІаса рищун ругелъул, цохІого хьулги, 5 цохІого ТІадегІанавги, цохІого божи-иманги, цохІого мунагьал чуриги, 6 киназулго Эмен – цохІого Аллагьги. Нилъ киназдасаго тІадегІанав вуго гьев, нилъер киналго ишазулъги вуго, нилъ киназулъгоги вуго. 7 Амма нилъее киназегоги щивасеги щун буго батІи-батІияб гьунар – МасихІица кьураб сайигъаталъул хасаб бутІа. 8 Гьединлъидал ТІухьдузда хъван буго: «Гьев тІадегІан вахана, гьес гІемерал асирал рачун рачІана, гІадамазе сайигъатал рикьана». 9 ТІадегІан вахарав ватани, гьелдаса цеве гьев ракьалъул бищунго гъваридалъуве лъугьун вукІун вуго. 10 Ракьалъул гъварилъуде лъугьун вукІаравав гурищ бищунго рорхатал зобалазде вахунев? Гьес гурищ гьаб дуниялалда кинабго камиллъизабизе бугеб? 11 Гьесин лъугьинарурал чапарзабилъун цоял, аварагзабилъун цоял, Рохалил хабар бицунеллъун цоял, церехъабилъун яги насихІатчагІилъун цоял, – 12 Аллагьасе хъулухъ гьабизе ва МасихІил Черхлъун кколеб иман лъуразул агьлу мина гІадин щулалъизабизе. 13 Божи-иманалъулъ ва Аллагьасул вас якъинго лъаялъулъ ахирги цогояллъун лъугьина нилъ. ТІубанго балугъал гІадамаллъун лъугьина нилъ гьебмехалъ, МасихІил камиллъиги насиблъила нилъее. 14 Карачалаби гьелчезарулеб гьороца кинигин, диналъул батІи-батІияб чвахиялъ росун унел лъимал гІадинал гІадамаллъун рукІине бегьуларо гьанже нилъ. Гьел бигьаго гуккула хІилла-макруялъе махщел бугел гьерсихъабаз. 15 РекІелъ рокьигун битІараб бицани, нилъ кІудиял гІела, сундулъго МасихІиде гІагарлъила. Гьев вуго бетІер! 16 БетІералъин чорхол киналго лугби цолъизарулел. ЩукІдуз цоцаздехун щула гьарула гьел. Щибаб лагаялъулги букІуна жиндирго иш. Рокьиялъ гІуцІула ва кІудияб гІезабула черх. 17 Гьале дица нужеда абулеб ва ТІадегІанасул цІар рехсон лъазабулеб буго мекъаб-тІекъаб гурони гІакълу гьечІел мажусиял гІадин нуж хьвадугейилан! 18 Гьезул пикру-бичІчІи бецІлъун буго. Жидерго жагьиллъиги ракІбицалъиги сабаблъун, гьел рикІкІалъун руго Аллагьасде руссараб гІумруялдаса. 19 Сунцаго рекІее асар гьабулареллъун лъугьун, хІарамабщиналъ гІорцІулел гьечІо гьел, напс ккун чІезабулеб чІолохъжоги гьез бахъун рехун буго. 20 Амма гьедин хьвадизе гуро нужеда МасихІил хІакъалъулъ бицун букІараб. 21 ХІакълъунго нужеда гьев лъан вуго. Нужеда бициндалха гьесулъ кинабго хІакъабщинаб бугилан! 22 Мунагьаб напс гуккулел къасдаз пасалъизавурав цевегосев инсанасул гІадинаб гІамал гІодобе рехе нужеца. 23 Нужерго рухІги гІакълуги цІилъизабе. 24 Аллагьасул суратлъун вугев, хІакълъунго ритІухъав, вацІцІадав цІидасан вижарав Инсанлъун лъугьине хІаракат бахъе. 25 Гьединлъидал, гьересиги рехун тун, щивас жиндаго аскІов вугесда битІараб бице. Цо Чорхол лугбилъидалха нилъ! 26 Ццин гьалаглъараб мехалдагицин гьабуге нужеца мунагь. Нужер ццин бахъун букІаго бакъ тІерхьунгеги! 27 Илбисалъе нуцІа къируге! 28 ЦІогьодулев вукІарав цІогьодуге, жиндирго кверал квалквадун магІишат гьабизе лъугьа, язихъасеги кьезе рес букІине. 29 НасихІат гъорлъ бугеб ва гІенеккаразе сундулъго пайдаяб гурони, цониги квешаб рагІи бачІунгеги нужер мацІалде. 30 Аллагьасдасан бачІараб Илагьияб РухІ пашманлъизабуге, тІубанго тархъанлъараб къоялъе гьелъул мугьрулъидал нужеда чІван бугеб. 31 Нужеца рехун те хІалуцин, ццидахин, гьалаглъи, ахІи-хІур, хьандей ва цогидалги квешал хасиятал. 32 Цоцазда гьоркьор лъикІ рукІа, хІеренго рукІа, цоцада тІасаги лъугьа, МасихІие гІоло Аллагь нужеда тІасалъугьарав гІадин.

5

1 Аллагьасда релълъине хІаракат бахъе, гьесие рокьулел лъималлъидал нуж. 2 Нилъее гІоло къурбанлъун лъугьарав МасихІие нуж рокьарал гІадин, цоцазе рокьун хьваде нужги. Аллагьасе кьураб махІгьуинаб ва лъикІаб къурбанлъунин гьев лъугьарав. 3 ХъахІбалъи, пасалъи ва чияр боцІуде хъантІи гІадинал жалазул цІар рехсезецин бегьуларо нужеца. Иман лъуразул агьлуялда гьеб рекъараб гьечІо. 4 Хъубаб, гІантаб ва гІадан гІад-хочІ гьавулеб хабар бицинеги рекъараб гьечІо. Гьелде руссун рукІинчІого, Аллагьасе рецц гьабе. 5 ХъахІбалъи, ракІ хъублъи ва хъантІи ккола гьересиаллагьзабазе лагълъи гьабилъун. Гьединаб гІамал бугев цониги чиясе МасихІилги Аллагьасулги ПарччахІлъиялъул бутІа щолареблъи лъай нужеда. 6 Гьерсица гуккизе чІоге. МутІигІлъуларезде Аллагьасул ццин рещтІинабула гьелъ. 7 Гьезулгун гьоркьоблъи гьабуге нужеца. 8 Цере нуж бецІлъукь рукІана, гьанже ТІадегІанасде цолъун ругелъул, нурлъун лъугьана. Нуралъ гвангъизарурал гІадамал гІадин хьваде. 9 Нуралъ бижизабураб буго лъикІаб гІамал-хасиятги, ритІухълъиги ва хІакъабщинабги. 10 ТІадегІанасул рекІее щиб къабуллъулебали лъазе хІаракат бахъе. 11 БецІлъиялъул пайда гьечІел ишазулъ гІахьаллъуге. Гьел къватІир чІвазаризейин нужеца кколел. 12 БецІлъуда балъгого гьарулел ишазул хІакъалъулъ бицинегицин намуслъула. 13 Канлъи речІчІидал бихьула кинабго къватІиб чІвазабурабщинаб. Канлъухъе бихьулебщинабги нурлъун лъугьуна. 14 Гьединлъидалин абулеб: «Кьижарав, ворчІа! Хваралъуса вахъа – нуралъ гвангъизавила мун МасихІица!» 15 Нужерго гІамал-хасияталда хадуб халккве. ГІабдалзабазда релълъун хьвадичІого, гІакъилазда релълъун хьваде. 16 Заманаялдаса пайда босизе хІаракат бахъе, гьалагал къоял ругин гьал. 17 Жагьилаллъун рукІунге, ТІадегІанасул амру бичІчІизе тІалаб гьабе. 18 Чогъроца мехтизе рукІунге, пасалъиялде рачуна гьелъ. Илагьияб РухІалъ цІезаре нужго. 19 Забуралдасан, туркабаздасан ва диниял кучІдуздасан калимабаздалъун гаргаде цоцаздехун. РакІ-ракІалъго ахІе нужеца ТІадегІанав веццарал кучІдул. 20 Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІил цІарги рехсон, кидаго ва сундухъго Эмен – Аллагьасе шукру гьабе. 21 МасихІил хІурмат гьабун цоцазе мутІигІлъе. 22 ТІадегІанасего гІадин, россабазеги мутІигІлъе лъудби. 23 Жиндирго черхлъун кколеб иман лъуразул агьлу хвасар гьабуравлъунги гьелъул бетІерлъунги МасихІ вугев гІадин, росасги бетІерлъи гьабула лъадуе. 24 Иман лъуразул агьлу МасихІие мутІигІлъулеб гІадин, лъадиги сундулъго росасе мутІигІлъе. 25 - 26 Лъадалъ ччун рахъунги ва рагІудалъунги гьел рацІцІад гьаризе жинца рухІ кьурал иман лъуразул агьлу МасихІие бокьулеб гІадин, росабазе лъудбиги рокьа. 27 МасихІие бокьун буго гьеб иман лъуразул агьлу жинда цебе гьайбатго бихьизе, – тІанкІ гьечІого, рукІкІел гьечІого ва цогидаб сакъатги гьечІого. БацІцІадабги гІайиб-хатІа гьечІебги букІине бокьун буго. 28 Гьединлъидал россабазе жидерго лъудбиги рокьизе ккола, жидерго черх гІадин. Лъади йокьулесе живгоги вокьула. 29 Жиндирго черх рихарав инсан цониги вижичІо. Гьес кваназе жо чІезабула, чорхол тІалаб-агъаз гьабула, иман лъуразул агьлуялъул МасихІица тІалаб-агъаз гьабулеб гІадин. 30 Нилъги гьесул Черхалъул лугбилъун ругелъулха! 31 ТІухьдузда хъван буго: «Гьединлъидал эбел-эменги рехун тун, бихьинчи чІела жиндирго чІужуялде вуссун, ва гьел кІиялго цолъун, цого лъугьина». 32 Гьел рагІабазулъ кІудияб балъголъи буго, амма дида бичІчІулеб буго МасихІилги иман лъуразул агьлуялъулги хІакъалъулъ бугин гьеб калима. 33 Нужеда гьоркьоса щивав чиясеги лъади, живго гІадин, йокьизе ккела. Лъадуцаги росасул хІурмат гьабизе ккела.

6

1 Лъималги, ТІадегІанасде цолъун, эбел-инсуе мутІигІлъун лъикІ. 2 Аллагьасул амруязда гьоркьор руго тІуразаруни шапакъат щолилан рагІи кьурал амруял. Гьезул тІоцебесеб амру ккола: «Дурго эбел-инсул адаб-хъатир гьабе. 3 Цинги мун лъикІ вукІина ва дур гІумруги халалъила». 4 Умумузги лъимал къварид гьаруге. ТІадегІанасул амруялда рекъон гІезаре, гьезие тарбия кье ва лъикІабщинаб малъе. 5 Лагъзалги хІинкъа-къан мутІигІлъе жидерго бетІергьабазе. МасихІие гьабулеб гІадин, ракІ-ракІалъго хъулухъ гьабе гьезие. 6 ХІелхІелчагІаз гІадин, рихьдаего гьабуге хъулухъ, Аллагьасул амру тІубазабулел МасихІил лагъзадерица гІадин, ракІ-ракІалъго гьабе. 7 ГІадамазе гуреб, ТІадегІанасе хъулухъ гьабулеб бугеб гІадин, гъираялда гьабе. 8 Лагъ вукІа, узден вукІа, лъикІлъи гьабулев чиясе ТІадегІанасдасан шапакъат щолеблъи кІочон тоге. 9 Нужги, лагъзадерил бетІергьаби, гьединго лъикІ рукІа нужерго лагъзадеридехун. Гьел хІинкъизаруге. Нужерги гьезулги зобалазда цохІо БетІергьан вукІин кІочон тоге. Щивниги ватІа гьавуларо гьес. 10 Кагътил ахиралдаги – ТІадегІанасде цолъун, гьесул къуват-гучалдалъун нужго къвакІизаре. 11 Аллагьасул къолден ретІе, илбисалъул макруялдаса къунгутІизе. 12 ГІадамазда данде гурел, – тахида ругелги кверщел бугелги рухІазда дандейин нилъ рагъулел ругел. Зобалазда ругел хъубал жундуздаги гьаб бецІаб дуниялалъул кверщел кодоб бугездаги дандейин рагъулел ругел. 13 Гьедин бугелъул – Аллагьасул нухда рагъ гьабизе къваригІунебщинаб ретІе, чІегІераб къо чІедал гьезда дандечІезеги щибго хІехьезеги нужер къуват-гуч гІезе. 14 ХІакъабщиналъул рачелги борчун, ритІухълъиялъул къолденги ретІун, къвакІун чІа нуж! 15 Ракълил хІакъалъулъ рохалил хабар бицине къватІире рахъине нужерго хьиталги къачІай. 16 Цинги – божи-иманалъул хъалхъан хъатикь щулаго ккве! Гьелъ свинарила илбисалъ нужеда речІчІулел киналго цІа рекІарал чІорал. 17 Тархъанлъиялъул такъияги лъе, РухІалъул хвалченги хъатикь ккве. Гьеб ккола Аллагьасул рагІи. 18 Илагьияб РухІалъ цІезарун, киналго дугІаби гІемер гьаре ва кидагоги Аллагьасде гьардолел рукІа. ТІолабго иман лъуразул агьлуги рехсон, тІадчІун ва ракІ-ракІалъго дугІабиги гьарун, рорчІуда чІа. 19 Дун рехсонги гьабе дугІа, Рохалил хабаралъул балъголъиялъул хІакъалъулъ хІинкъичІого бицине дица кІал ричІулебщинахъе гьелъие рекъарал рагІаби дие Аллагьасдасан щвагийилан. 20 Рахсаз вухь-вухьун вугониги, Рохалил хабаралъул чапар вуго дун. Дида тІадаб налъиги тІубазабун, хІинкъичІого гьеб бицине дие тавпикъ кьегийилан гьаре. 21 Дун кин вугевали ва щиб гьабулев вугевали нужеда Тихикица бицина. Гьев вуго дие хирияв диналъул вацги ТІадегІанасе хъулухъ гьабулев ритІухъав чиги. 22 Нижер ишазул бицине ва нужер ракІбатизабизе гІолойин дица гьав витІулев вугев. 23 Эмен – Аллагьасдасан ва ТІадегІанав ГІиса МасихІидасан рещтІараб рекъелги, рокьиги, божи-иманги хутІаги, вацал, нужелъ! 24 Аллагьасул баркат насиблъаги нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІиде абадияб рокьи рекІелъ бугезе!