Чапарзабазул ишал

1

1 Теофил, дирго тІоцебесеб тІехьалда дица хъван букІана, зобалазде восун араб къоялде щвезегІан ГІисаца гьабунщиналъулги малъанщиналъулги хІакъалъулъ. 2 Гьеб къоялъ ГІисаца Илагьияб РухІалдалъун насихІатги гьабуна жинцаго тІаса рищарал чапарзабазе. 3 ГІазаб-гІакъуба хІехьон хадубги ГІисаца живго чІаго вукІин чапарзабазда бихьизабуна, гьезул щибниги щаклъи кколаредухъ. КІикъого къоялъ бажарана гьев вихьизе, ва гьес гьезда бицана Аллагьасул ПарччахІлъиялъул. 4 Цадахъ кваналев вукІараб мехалъ ГІисаца гьезда лъазабуна: – Дица нужеда абураб къагІидаялъ, Инсуца нужее кьураб рагІи тІубазегІан, Иерусалималдаса нахъе унге нуж. 5 ЯхІя аварагас лъадаца чурулаан, нужин абуни, гІемер заман иналдего Илагьияб РухІалъ чурила. 6 Гьедин данделъараб мехалъ чапарзабаз ГІисада гьикъана: – Я, БетІерчІахъад, Исраилил халкъалъул парччахІлъи гьанже цІидасан рукІалиде ккезабизехъинцин гьечІищ дуца? 7 Гьес абуна: – Инсуца жиндирго къудраталдалъун чІезабураб заманги болжалги нужеда лъазе кколаро. 8 Амма Илагьияб РухІ нужехъе рещтІараб мехалъ, къудратги щвела нужее. Цинги дир хІакъалъулъ бицунел нугІзаллъун рукІина нуж цин Иерусалималда ва тІолабго Ягьудиялдагун Самариялда, цинги дуниялалъул рагІалде щвезегІанги. 9 Гьедин абун бахъарабго, ралагьун гьелгун, ГІиса зобалазде восун ана ва накІкІул парчаялъ вихьудаса тІерхьинавуна. 10 Гьесда хадур зодихъе ралагьун гьал рукІаго, гьале хъахІал гІабаби ретІарав кІиго чи вачІун чІана гьазда аскІов. Гьез абуна: 11 – Ле, галилеялдасел, щай нуж зодихъе ралагьун чІолел? Нужеда зобалазде восун унев вихьарав гьев ГІиса, нужеда аскІоса зобалазде унев вихьараб къагІидаялъ вачІина нужехъе. 12 Цинги гьел, Иерусалималдаса цо километралъул манзилалда бугеб Зайтуналъул магІардаса гІодоре рещтІун, Иерусалималде тІадруссана. 13 Жалго рещтІараб минаялде щун, тІасарокъоре рахана ва гьенир чІана. Гьенир рукІана Пётр ва Иоанн, Якъуб ва Андрей, Филипп ва Фома, Бартоломей ва Матфей, Алфейил вас Якъуб, Симон Зелот ва Якъубил вац Ягьуда. 14 Гьел киналго данделъулаан, цадахъ какал ралаан. Гьезда цадахъ как-кІалалда рукІунаан цо-цо руччабиги, ГІисал эбел Марямги, гьесул вацалги. 15 Цо чанго къоялдасан, нусиялда къогогІанасев диналъул вац данделъараб бакІалда, гьезда цевеги вахъун, Пётрица абуна: 16 - 17 – ГІенеккея, вацал! Нилъеда гьоркьов вукІарав ва нилъер ишалъулъ гІахьаллъиги жиндие насиблъарав, амма ГІиса кквезе рачІаразда нух бихьизабурав Ягьудал хІакъалъулъ Илагьияб РухІалдалъун Давуд аварагас некІого абун букІараб рагІи ритІухълъана. ( 18 Гьеб гІасияб ишалъухъ щвараб гІарацги кьун, хур босана Ягьудаца. Ва гІодов речІчІун, чехь кьвагьун хвана гьев, кинабго бакь-кІачги къватІибе бачІана. 19 Гьеб лъана Иерусалималъул кинабго халкъалда. Гьединлъидал гьезул мацІалда Акелдама абун цІар лъуна гьеб хуралда. «Бидул хур» абураб магІна буго гьелъул.) 20 Туркабазул Хирияб ТІехьалда гьелъул хІакъалъулъ гьадин хъван буго: «БетІергьанчи гьечІого гьесул мулкги хутІаги, Жанив чиго гьечІого гьесул рукъги хутІаги». Цоги гьениб хъван буго: «Гьев хисун наиблъун цогидав тІамизе ккола». 21 - 22 Гьединлъидал цо чи тІаса вищизе ккола, ГІиса хваралъуса вахъанилан гьесги нилъеда цадахъ нугІлъи гьабизе. Гьев вукІине ккола ТІадегІанав ГІиса нилъгун вугеб заманаялда кидаго – ЯхІяца лъадалъ ччун вахъаралдаса зобалазде восун араб къоялде щвезегІан, – нилъеда гьоркьов вукІарав чи. 23 КІиго чи вихьизавуна гьез: Баршаббайин абулев Юсупги (Юстиланги абулаан гьесда) Маттияги. 24 - 25 Цинги гьел Аллагьасде гьардезе лъугьана: – Я, БетІергьан! Дуда лъалаха щивав чиясул ракІалда бугеб жо. Чапарлъиги Аллагьасе хъулухъги рехун тун, Ягьуда жиндиего данде кколелъуве индал, гьесул бакІалде восизе гьав кІиясулго кинав дуца тІаса вищаравали бихьизабе. 26 Цинги гьев кІиясего можоро тІамуна гьаз. Можороялъ Маттия бергьана. Гьедин анцІила кІиабилев чапарлъун лъугьана Маттия.

2

1 КІикъоялда анцІабилеб къоялъул байрамалда киналго цо рокъоре данделъун рукІана. 2 Гьале цойидасан зобалазда бахъана гьалагаб гьорол гІадаб гьаракь, ва гьал жанир рукІараб рокъоб багъана гьеб. 3 Гьезда бихьана цІадул мацІал гІадинаб жо боржанхъулеб, цинги бикь-бикьун ун гьазул щивасда тІад рещтІана гьел цІадул мацІал. 4 Илагьияб РухІалъ цІуна гьел киналго ва, РухІалъ хІалкІолъи кьун, цогидал мацІазда кІалъазе лъугьана. 5 Гьел къоязда Иерусалималде рачІун рукІана дуниялалъул ункъабго рахъалда ругел киналго пачалихъаздаса жугьутІазул вализаби. 6 Гьеб гьаракь рагІун халкъалъул руккелал данделъана гьенире. Жидер щивасул мацІалда гьел кІалъалел рагІидал, гІажаиблъун хутІана гІадамал. 7 - 8 – Гьални Галилеялда рижарал чагІи ругин, нилъер мацІ гьазда кинха лъазе кколеб? – ан хІикмалъун, тамашалъун абулеб букІана гьез цоцазда. – Нилъер щивасул рахьдал мацІалда кІалъалел ругогури гьал! 9 Нилъеда гъорлъ руго Парфиялъулги, Мидиялъулги, Эламалъулги гІадамал, гьединго Месопотамиялда, Ягьудиялда ва Каппадокиялда, Понталда ва Асиялда, 10 Фригиялда ва Памфилиялда, Мисриялда ва Киренаялъулаб Ливиялъул улкабазда яшав гьабун чІарал гІадамал ва Рималдаса зияраталъе рачІарал 11 (нилъеда гьоркьор руго жугьутІалги жугьутІазул дин босаралги), гьединго Криталъул гІадамал ва гІарабал. Аллагьасул хІалкІолъиялдалъун лъугьарал кІудиял ишазул хІакъалъулъ нилъер щивасул рахьдал мацІалда кІалъалел ругогури гьал! 12 Гьедин гІажаиблъун-хІикмалъун, гьелъул магІна щибдайилан цоцазда гаргадулел хутІун рукІана гьел гІадамал. 13 Амма цо-цояз, гьелги гІад-хочІ гьарун, абулеб букІана цІияб чагъир гІадалъе бахун бугин гьездаян. 14 Гьебмехалъ Пётрги гьесда цадахъ вукІарав анцІила цо чапарги цевегІан вачІана. Халкъалда рагІиледухъ гьаракь борхун Пётрица абуна: – Я, вацал жугьутІал ва Иерусалималъул тІолабго жамагІат! ГІенеккея! Гьалъул магІна щибали бичІчІизабизе биччай! ГІинтІаме дир рагІабазухъ! 15 Нужеда ракІалде кковухъе, мехтун гуро гьал ругел. Щайгурелъул жеги сагІат ичІго тІубачІеб рогьалил гІуж бугелъул. 16 Амма гьаб буго Йоэл аварагасда Аллагьас абураб гьадинаб калима ритІухълъиялъул гІаламат: 17 «Аллагьас абулеб буго: Ахирзаман тІаде щведал, гьадин букІина – Дир РухІалъул хІалкІолъи чвахизабила дица щибаб рижиялда тІаде. Нужер бихьиназдеги руччабаздеги рещтІина Аллагьасул рагІи, нужер гІолохъабазухъе гьеб илгьамалдалъун щвела, нужер херазухъе гьеб макьилъ бихьун щвела. 18 Дир лагъзадерида ва гъаравашазда тІадеги чвахизабила гьел къоязда Дир РухІалъул хІалкІолъи, ва гьездеги рещтІина Аллагьасул рагІи. 19 Дица тІасан зобалаздасан мугІжизатал рихьизарила, гъоркьан ракьалдасан гІаламатал рихьизарила. БукІина биги, цІаги, кІкІуйдул хІубиги. 20 Бакъул гордо бецІлъила, моцІ биялде сверила. Гьеб лъугьина БетІергьанасул кІудияб ва гвангъараб къо тІаде щвелалде. 21 Ва БетІергьанасул цІар рехсаравщинав чи хвасарлъила». 22 Я, вацал жугьутІал! ГІенекке гьал дир рагІабазухъ. Назареталдаса ГІиса вукІана жинца гьев нужехъе витІун вукІин Аллагьас чІахІиял ишаздалъунги, гІаламатаздалъунги, мугІжизатаздалъунги нужеда лъазабурав чи. ГІисадалъун тІубазабуна гьеб кинабго нужеда гьоркьоб Аллагьас. Гьеб нужедаги лъала. 23 Аллагьасул хІукмуги къадарги гьединаб букІиндал, мунапикъазул квераз хъанчида ван, магІал кьабун, чІвазавуна нужеца. 24 РухІ бахъиялъул гІазабалдаса хвасар гьавун, Аллагьас гьев хваралъуса вахъинавуна, хвалил рахсазда кквезе кІвечІелъул. 25 Гьесул хІакъалъулъ Давудица гьадин абун бугелъулха: «БетІергьан кидаго дир берзукь вуго. Дун тарунгутІизе, хъущтІунгутІизе дир кваранаб рахъалда чІун вуго гьев. 26 Гьелъ дир ракІ аваданлъизабуна. Дир кІалдисан унеб рагІиги рохалилаб буго. ХІатта дир напсгицин гьанже хьулазда букІина. 27 Щайгурелъул дуца дир рухІ хабалъ теларо, дурго ракІбацІцІадав лагъ ракьул гвандинив туризавиларо. 28 Дуца дида гІумруялъул Нух бихьизабуна. Мун дида аскІов вугеб мехалъ рохалил цІела дир ракІ». 29 Я, вацал! Нилъер цо кьолбол кІудияв эмен Давудил хІакъалъулъ гьадин абунилан гІайиб гьабуге: гьев хвана, хабалъ букъана гьесул черх, гьесул хоб бугеб бакІги лъала нилъеда жакъа къоялдаги. 30 Гьев авараг вукІиндал, гьесда лъалаан Аллагьас гьесие гьедун къотІи гьабун букІин гьесул кьибилалда вижарав цояв жиндир тахида гІодов чІезавилилан. 31 Цебеккунго Давудида лъалеб букІана МасихІ хваралъуса вахъинавизе вукІин: гьев хабалъ толарилан ва гьесул черх туруларинги абун букІана. 32 Гьев ГІиса Аллагьас хваралъуса вахъинавуна, гьале ниж киналго руго гьелъие нугІзаллъун. 33 Аллагьасул кваранаб рахъалде вахиндал, гьес гІадамазде чвахизабуна, рагІи кьун букІиндал Инсудасан щвараб Илагьияб РухІ. Гьеб нужеда бихьулебги рагІулебги буго. 34 - 35 Живго Давуд Аллагьас зобалазде восун ун гьечІониги, гьес абурал гьадинал рагІаби руго: «ТІадегІанав Аллагьас дир БетІергьанасда абуна: „Дир кваранаб рахъалда гІодов вукІа, дица дур тушбаби дур хІатІал лъураб бакІалда цере чІезаризегІан“». 36 ХІасил, Исраилил тІолабго халкъалда лъан букІа гьев нужеца хъанчида варав ГІиса Аллагьас ТІадегІанавлъунги ва МасихІлъунги гьавуравлъи. 37 Гьел рагІаби гІадамазул рекІел мащабазулъе ана. Нижеца щибха, вацал, гьанже гьабизе кколебилан гьикъана гьез Пётридаги цогидал чапарзабаздаги. 38 Пётрица гьезда абуна: – Нуж кантІе ва нужерго мунагьал чуризе, МасихІ ГІисал цІар рехсон, щивав чи лъадалъ ччун вахъизаве, ва сайигъатлъун Илагьияб РухІ рещтІина нужехъе. 39 Нужееги, нужер лъималазеги, нилъер ТІадегІанав Аллагьас жиндаго аскІоре ахІанщинал рикІкІада ругезеги, гьединаб рагІи кьун бугелъул БетІергьанас. 40 Гьединалги цогидалги гІемерал рагІабаздалъун МасихІил хІакъалъулъ бицунеб букІана гьес. Гьаб пасатаб умматалдаса цІунейилан малъулеб букІана. 41 Гьесул рагІаби къабул гьабурал гІадамал лъадалъ ччун рахъана. Гьеб къоялъ лъабазаргогІанасев чияс цІикІкІана гьезул агьлу. 42 Гьелдаса хадуб гьел гІадамал тІадчІун гІенеккулаан чапарзабазул малъа-хъваязухъ, цоцазулгун хурхен-рухьен гьабулаан, жидедаго гьоркьоб бекун чед бикьулаан ва какал ралаан. 43 Киналго гІадамазул рекІелъе лъугьана Аллагьасдаса хІинкъи: чапарзабаздалъун Аллагьас рихьизаруна гІемерал хІикматал ишалги мугІжизаталги. 44 Киналго муъминзабаз магІишат дандбана. 45 Хур-мулк бичулаан, гьелъухъ щвараб гІарацги бикьулаан гьелде хІажалъи кканщиназе. 46 Щибаб къоялъ цоцазулгун ракълида Мукъадасаб Рокъоре хьвадиялда тІадчІана гьел. Жидерго рокъоб бекун чед бикьулаан, ракІ разиго ва ракІ бащадго цадахъ кваналаан. 47 Гьез Аллагьасе рецц гьабулеб букІана, халкъалъе гьелги рокьулел рукІана. Аллагьас щибаб къоялъ гьезул агьлуялда гьоркьоре лъугьинарулел рукІана хвасарлъарал гІадамал.

3

1 Цо къоялъ къалъуда, сагІат лъабго тІубараб мехалъ, какил заманалда Пётрги Иоаннги Мукъадасаб Рокъоре унел рукІана. 2 Эбелалъ гьавуралдасаго кІиябго бохалда рекъав, щибаб къоялъ гІадамаз восун вачІун Мукъадасаб Рукъалъул «Берцинаб кавудухъ» лъун толев ва гьенире рачІаразул садакъаялдалъун бетІербахъарав цо пуланав чи вукІана гьенив. 3 Пётрги Иоаннги Мукъадасаб Рокъоре рачІунел рихьун, гьездаги садакъа гьарана рекъас. 4 Гьесда бер речІчІана Пётрилги Иоаннилги. Пётрица гьесда абуна: – Нижехъ валагье! – ян. 5 Садакъаялде хьул лъун, лъикІго гьезухъ валагьун чІана гьев чи. 6 Пётрица абуна: – ГІарацги меседги дир гьечІо, амма дихъ бугебаб кьела дуе. Назареталдаса МасихІ ГІисал цІаралдалъун абулеб буго дица дуда: вилълъанхъе мун! 7 Кваранаб кверги ккун, Пётрица тІаде вахъинавуна гьев. ГьебсагІат рицІимахІабазулги накабазулги щукІдул ритІа-ришун ун, 8 гьункьун тІаде вахъана ва вилълъанхъизе лъугьана. Гьезда цадахъ Мукъадасаб Рокъове лъугьун, Аллагьасе реццги гьабулаго, векерахъдизе-кІанцІезе лъугьана. 9 Кинабго халкъалда бихьана, Аллагьасе рецц гьабулаго, гьев вилълъанхъулев. 10 Гьезда лъана Мукъадасаб Рукъалъул «Берцинаб кавудухъ» садакъа гьарун бетІербахъиялда вукІарав чи гьев вугевлъи. Гьесие лъугьараб жо бихьидал, гІадамал хІикмалъана, хІайранлъана. 11 Пётридаги Иоаннидаги аскІоса кьуричІого чІун вугев гьев чи вихьидал, киналго гІадамал гІажаиблъун-хІикмалъун Сулайманил рагъи абулеб бакІалде рекерун рачІунел рукІана гьезда аскІоре. 12 ГІемераб халкъ гьенибе бакІарун бихьидал, Пётрица гьезда абуна: – Я, вацал жугьутІал! Щай нуж гьев чиясда гІажаиблъулел? Нижер къудраталдалъун яги нижер валилъиялдалъун гьев чи вилълъанхъизавун вугев гІадин щай нуж нижехъ ралагьулел? 13 Ибрагьимилги, ИсхІакъилги, Якъубилги ва нилъер умумузулги Аллагьас кІодо гьавуна жинцаго витІарав ГІиса. Нужецайин абуни гьев Пилатил кверде кьуна. ГІиса нахъе виччазе ракІалда букІарав Пилатида цебе нужеца гьесдаса инкар гьабуна. 14 Илагьияв ва вацІцІадав чиясдаса инкарги гьабун, нужеца Пилатида гьарана чІвадарухъан туснахъалдаса къватІиве виччайилан. 15 ГІумруялъул аслулъун вугев чи чІвана нужеца. Амма Аллагьас гьев хваралъуса вахъинавуна. Гьелъие нугІзал руго ниж. 16 Гьеле гьев ГІисал цІаралде иман лъедал, гьеб ГІисал цІаралъ сахлъизавуна гьав нужеда киназдаго вихьулев ва лъалев чи. ГІисаде иман лъедалин, киналго нужги ралагьун, гьев сахлъарав. 17 Амма дида лъала, вацал, нужецаги нужер хІакимзабазги гьеб иш гьабиялъе гІилла буго нужеда гьеб бичІчІичІолъи. 18 Церего ритІарал киналго аварагзабаздалъун Аллагьас лъазабун букІана гьесул МасихІие гІазаб-гІакъуба букІинилан. Гьедин тІубазеги гьабуна Аллагьас гьеб. 19 Гьединлъидал нуж кантІе ва тавбу гьабе, Аллагьасде русса, гьес нужер мунагьал чуризе, 20 БетІергьан аскІов вукІиналдалъун рахІат-хІалхьи лъугьине, цевеккунго нужее гьес вихьизавун вукІарав МасихІ ГІиса нахъеги витІун вачІине. 21 Кинабго цІилъизабизегІан ГІиса зобалазда вукІине ккола. Жиндирго ритІухъал аварагзабазда некІого бицун букІана Аллагьас гьелъул хІакъалъулъ. 22 Мусаца абун букІана: «БетІергьан Аллагьас нужее дун гІадинав авараглъун вахъинавила нужер вацазда гьоркьоса чи. Гьес щиб абуниги, гьелъухъ гІенекке нуж. 23 Гьев аварагасухъ гІенеккичІевщинав чи халкъалда гьоркьоса тІагІинавила». 24 Шамуилидасан байбихьун гьесдаса хадур рахъарал киналго аварагзабазги цебеккунго лъазабун букІана гьел къоязул хІакъалъулъ. 25 Нуж ккола гьел аварагзабазул лъимал. «Дур наслуялдасан дуниялалъул киналго халкъазде баркат бачІина», – ян Ибрагьимидаги абун, нужер умумузе Аллагьас гьелъие къотІи гьабун буго. 26 Аллагьас хваралъуса вахъинавун хадув бищунго цеве нужехъе витІана жиндирго вакил, нужеда баркат лъезеги нужер щивав чи жиндирго квешлъиялдаса вуссинеги бокьун.

4

1 Гьедин халкъалъе хабар бицунел гьел ругеб мехалъ, рачІун тІаде щвана кашишзабиги, Мукъадасаб Рукъ цІунулел рагъухъабазул бетІерги, саддукеялги. 2 Пётрицаги Иоанницаги халкъалъе вагІза гьабулеб букІиналъги, ГІисал мисал бачун, хваралъуса рахъинаризе рукІин хІакъаб бугилан чІезабулеб букІиналъги ццидахинарун рукІана гьел. 3 Гьез ккун вачун жанив тІамуна гьев кІиявго. Сардилъ мех букІиндал, рогьинегІан туснахъалъур тана гьел. 4 Амма гьезухъ гІенеккарал гІемерисел гІадамал гьез бицаралда божана, гьедин гьезул агьлуялда щуазаргогІанасев чи гІуна. 5 Гьале нахъисеб къоялъ радал Иерусалималда данделъана чІухІби-хІакимзабиги диниял гІалимзабиги. 6 Гьенир рукІана бищунго кІудияв кашиш Гьаннаги, гьелго кашишзабазул тухумалъул Кайафаги, Иоаннги, Александрги ва цогидалги. 7 КІиявго чапарги цеве чІезавун, гьез гьикъана кинаб къудраталдалъун ва лъил цІаралдалъун нужеца доб иш гьабурабилан. 8 Илагьияб РухІалъ цІурав Пётрица гьезда абуна: – Я, гьаб халкъалъул чІухІби-хІакимзаби! 9 Гьев гІажизав-загІипав чи кин сахлъаравилан жакъа нужеца нижеда гьикъулеб бугелъул, 10 нужеда киназдаго ва Исраилил тІолабго халкъалдаги лъан букІа: нужеца хъанчида ван хвезавурав, хваралъуса Аллагьас вахъинавурав Назареталдаса МасихІ ГІисал цІаралдалъун сахлъун нужеда цеве вахъун чІун вуго гьев чи. 11 Гьев ГІиса вуго къадалъ лъезецин ярагьунарилан нужеца – къадахъабаз – нахъе рехараб, амма цололъ лъезе ккараб гамачІ. 12 Гьесдалъун гурони хвасарлъи гьечІо. Гьалъаб зобалда гъоркь гІадамазе кьурал цІаразда гьоркьоб цоги батІияб цІар гьечІо, жиндалъун нилъ хвасарлъулеб. 13 Пётрилги Иоаннилги хІинкъунгутІи бихьун, гьел гІалимзаби гуреллъи, гІадатиял гІадамал рукІин бичІчІун хІикмалъун хутІана гьел. Гьебмехалъ ракІалде щвана Пётрги Иоаннги ГІисада цадахъ рукІараллъи. 14 Гьез сахлъизавурав чи гьенив жидеда аскІов чІун вихьидал, гьев кІиясдаго дандечІун абизе рагІи батичІо гьезда. 15 Суд гьабулеб рокъоса къватІире гьелги гъун, гьезие щибдай гьабилаян ургъизе лъугьана гьел. 16 «ТІолабго Иерусалималъул халкъалда лъалеб буго хІакъикъаталдаги гьез якъинаб мугІжизат бихьизабураблъи. Гьеб гьереси гьабун бажариларо нилъехъа, – ян абулеб букІана гьез. – 17 Амма халкъалда гьоркьоб гьеб хабар хадубккунги тІибитІичІого букІине ГІисал цІар рехсон тІокІаб лъиданиги гаргадугейилан хІинкъизарун лъикІ гьел». 18 АхІун жанирегун, гьезда лъазабуна тІокІаб ГІисал цІар бахъугеян ва гьесул цІаралдалъун вагІза гьабугеян. 19 Амма Пётрицаги Иоанницаги гьезие жаваб кьуна: – Нужецаго пикру гьабе: Аллагьасда цебе битІараб букІинищ, гьесухъ гІенеккичІого, нужехъ гІенекки? 20 Нижедаго бихьарабги рагІарабги бицинчІого чІезе кІоларо нижеда. 21 - 22 Халкъалъукьа хІинкъун чІухІби-хІакимзабазда кІвечІо гьезие кинаб бугониги тамихІ гьабизе ва, дагьалги цІакъ хІинкъизеги гьарун, нахъе риччана. Жив сахлъиялдалъун мугІжизат загьирлъарав дов чи вукІана кІикъого соналдасаги цІикІкІараб гІумруялъул чи. Гьесухъ ралагьун киназго Аллагьасе рецц гьабулеб букІана. 23 КъватІире риччараб мехалъ Пётрги Иоаннги жидерго агьлуялъухъе ана; чІахІиял кашишзабазги чІухІби-хІакимзабазги жидеда абунщинабги гьезда бицана. 24 Гьазул хабар рагІидал гьеб агьлуялъ киназго цадахъ Аллагьасде гьари бана: – Зобал рижарав, ракьал рижарав, ралъадал рижарав ва гьенир ругелщиналги рижарав нижер БетІергьан! 25 Дур лагълъун кколев нижер кІудияв эмен Давудил кІалдиб лъун дуца Илагьияб РухІалдалъун абун букІана: «Халкъал щай ццидахун ругел, Къавмаз щай гІантал жал гьарулел ругел? 26 РачІун цолъана ракьалда ругел парччахІзабиги ЧІухІби-хІакимзабиги БетІергьанасда дандечІезе, Гьесул МасихІида дандечІезе». 27 ХІакъикъаталдаги Гьеродги, Понтий Пилатги, мажусиялги, Исраилил халкъги гьаб шагьаралда цолъана дур МасихІлъун кколев илагьияв вакил ГІисада дандечІезе. 28 Цолъана цебеккунго дур къудраталъ ва дур къадаралъ бихьизабун букІараб хІукму тІубазабизе. 29 Я, БетІергьан! Гьале гьез нижее хІинкъаби кьолел руго. ХІинкъичІого дур калам халкъалда лъазабизе къуват кье дурго лагъзадерие. 30 Дур илагьияв вакил ГІисал цІаралдалъун унтарал-щокъал сахлъизаризе, гІаламатал ва мугІжизатал рихьизаризе квербакъе нижее! 31 Гьеб гьари-дугІаялда муридал ругеб мехалъ гьел данделъун рукІараб бакІ гьаргьадана, Илагьияб РухІалъ цІуна гьел ва хІинкъичІого Аллагьасул калам халкъалда лъазабизе лъугьана. 32 Иман лъуразул гьеб кІудияб агьлуялъул рухІалги ракІалги цолъун рукІана. Жиндирго букІараб боцІи-бечелъиялда лъицаниги абулароан гьаб дир бугилан, кинабго гІахьалаб букІана гьезул. 33 Чапарзабазин абуни, кІудияб къудраталдалъун нугІлъи гьабулеб букІана ТІадегІанав ГІиса хваралъуса вахъун вихьанин жидедаян. Ва кІудияб баркат лъун букІана гьел киназдаго. 34 БетІербахъи загІипав чиги гьезда гьоркьов вукІинчІо. Щайгурелъул гІемерисезул букІана хур-ахги, мина-рукъги. Гьез гьеб бичулаан 35 ва щвараб гІарацги чапарзабазухъе кьолаан. Цинги гьезги, къваригІарасе къваригІарабгІан бикьун, киназего кьолаан. 36 Барнаба абун чапарзабаз тІокІцІар кьурав (гьелъул магІна ккола «РакІбатизабулев») Кипралдаса Юсуп абулев цо левитас жиндирго хур бичана, 37 гьелъухъ щвараб гІарацги чапарзабазухъе кьуна.

5

1 Анания абулев чиясги гьесул чІужу Сафирацаги жидерго хур бичана. 2 Гьеб гІарцул цо бутІа босун чапарзабазухъе кьуна, хутІараб балъго гьабуна. (Гьесул чІужуялдаги лъалаан гьеб.) 3 Пётрица абуна: – Ле, Анания, щай дуца илбис рекІелъе лъугьине биччараб? Гьелъ мун гьесизавуна, хур бичун щвараб гІарцул цо бутІаги балъго гьабун, Илагьияб РухІ гуккизе. 4 БичизегІан гьеб хурул бетІергьан мун гурищ вукІарав? Гьеб бичун щвараб гІарцул бетІергьанги мун гурищ ккарав? Дур рекІее кин гьеб къабуллъараб? ГІадамал гуро дуца гуккарал, Аллагь гуккана. 5 Гьеб рагІарабго гІодов ккун хвана Анания. Гьелъул хІакъалъулъ рагІанщинасул рекІелъе кІудияб хІинкъи лъугьана. 6 Рахъун гІолохъабаз мусралги ран, къватІибе босун, хабалъ букъана гьесул жаназа. 7 Лъабго сагІаталдасан ячІун тІаде щвана лъугьанщиналъул хІакъалъулъ щибго лъаларей Ананиял лъади. 8 Пётрица гьелда гьикъана: – Бице, гьале гьаб гІарцудейищ нужеца хур бичараб? Уйилан абуна гьелъ. 9 Гьебмехалъ Пётрица гьелда абуна: – Гьедин батани кІиялго рекъон Бичасулаб РухІалъул хІалбихьизе къасд гьабун бугоха нужеца. Гьале нуцІикІалтІе щун руго дур рос хабалъ вукъизе ун рукІарал гІадамал. Гьанже кватІичІого дур жаназаги босила гьез гьаниса къватІибе. 10 ГьебсагІат Пётрида цее гІодой ккун хвана гьейги. РачІун долго гІолохъабаз росасулалда аскІоб букъизе босун ана гьелъул жаназаги. 11 Иман лъуразул агьлуялъулги ва гьеб хабар рагІарал киналго цогидал гІадамазулги рекІелъе кІудияб хІинкъи лъугьана. 12 Чапарзабазул квераздалъун гІемерал гІаламатал ва мугІжизатал лъугьана халкъалда гьоркьор. Гьел киналго цадахъ Сулайманил рагъиде данделъулаан. 13 Цониги чияр чиясда кІолароан гьезда аскІове къазе. Амма халкъалъ кІодо гьарулел рукІана гьел. 14 ЦІакъ гІемерал гІадамаз – бихьиназги руччабазги – ТІадегІанав ГІисаде иман лъуна. 15 Унтарал-гІажизал чагІи туртида лъун, бусада лъун къотІнорецин росулел рукІана гІадамаз цевесан унев Пётрил рагІадгІаги цо-цо чагІазда хъвалародайилан. 16 Иерусалималда сверухъ ругел шагьараздасаги гІемераб халкъ бачІунеб букІана гьенибе, унтарал ва жундуз ккурал гІадамалги рачун. Киналго гьел сахлъулел рукІана. 17 Гьебмехалъ бищунго кІудияв кашишасулги гьесул чукъбузулги рекІелъе (гьел рукІана саддукеязул мазгьабалъул гІадамал) кІудияб жахІда лъугьана гьездехун. 18 Гьез чапарзаби ккун рачун шагьаралъул туснахъалда тІамуна. 19 Амма сардилъ вачІун Бичасул малаикас, туснахъалъул нуцІа рагьун, гьел къватІире риччана. Цинги малаикас гьезда абуна: 20 – Мукъадасаб Рокъоре ун тІаде рахъун халкъалда бице гьаб цІияб гІумруялъул хІакъалъулъ кинабго хабар. 21 Гьес малъухъе чапарзаби радал хъахІлъи бараб мехалъ рахъун Мукъадасаб Рокъоре ана ва гьениб халкъалъе хабар бицана. РачІун бищунго кІудияв кашишги гьесул чукъбиги мажлисалде данделъана. Гьенир рукІана Исраилил халкъалъул киналго чІахІиял гІадамалги. Гьез нукарзаби ритІана туснахъалъур тІамун ругел чапарзаби рачун рачІаян. 22 Амма гьел нукарзабазда чапарзаби туснахъалъур ратичІо. ТІадруссун рачІун гьез бицана: 23 – Рахан-къан туснахъалъул нуцІаги батана, нуцІихъ эхетун хъаравулзабиги ратана. Амма, нуцІа ричІун жанире раккидал, гьенив щивниги ватичІо нижеда. 24 Гьеб рагІидал, Мукъадасаб Рукъалъул хъаравулзабазул бетІерги чІахІиял кашишзабиги, гьелъул магІна щибдайилан, рихха-хочун лъугьана. 25 ВачІун цо чияс лъазабуна гьезда, гьалея, дол нужеца туснахъалъур тІамун рукІарал чагІаз, Мукъадасаб Рокъореги рачІун, гьениб гІадамазе вагІза гьабулеб бугилан. 26 Гьебмехалъ рахъун ун дол хъаравулзабазул бетІерасги гьесул нукарзабазги чапарзаби рачун рачІана. Амма хІал-зулмуялдалъун гуребха, – халкъалъ ганчІал речІчІун жалго чІвалилан хІинкъана гьел. 27 Гьенире рачун рачІарал чапарзаби кІудияб судалда цере чІана. Бищунго кІудияв кашишас гьезда гьикъана: 28 – Гьеб цІаралъул хІакъалъулъ халкъалда щибго бицунгейилан лъазабун гурищ нужеда букІараб? Нужецайин абуни тІолабго Иерусалималда тІибитІизабун буго гьеб дин ва гьев чиясул бидул хІакъги нижеде бугъизехъин буго нужеца. 29 Пётрицаги цогидал чапарзабацаги гьезие гьадинаб жаваб кьуна: – ГІадамазухъалдаса Аллагьасухъ цІикІкІун гІенеккизе ккола. 30 Нилъер умумузул Аллагьас хваралъуса вахъинавуна нужеца гъотІода ван гъанкъарав ГІиса. 31 Нилъ хвасар гьаризе жинцаго ПарччахІлъун гьавурав гьев жиндирго тахида аскІове зобалазде восана Аллагьас, Исраилил халкъ кантІизе ва гьезул мунагьал чуризе. 32 Гьелъие нугІзал руго ниж ва жиндихъ гІенеккаразе Аллагьас кьураб Илагьияб РухІги нугІлъун буго гьелъие. 33 Гьеб рагІидал, кІудияб судалъул гІадамазул ццин гьалаглъана. Чапарзаби чІвазе бокьун букІана гьезие. 34 КІудияб судалда гьоркьов вукІарав Гамалиэл абулев цо фарисеяс тІаде вахъун амру гьабуна цо дагьаб мехалъ гьел чапарзаби къватІирехун ритІейилан. Гьев вукІана тІолабго халкъалъ къадру-къимат гьабулев динияв гІалимчи. 35 Цинги гьес абуна: – Я, вацал-жугьутІал! Гьал чагІазе щиб гьабилебали цІодорго хал гьабизе ккела нужеца. 36 Дагьав цевегІан вачІун вукІана жив щивалиго вугилан чІарав Тевда. Гьесде вуссана ункънусгогІанасев чи. Гьев чІвараб мехалъ гьесул рахъ ккурал гІадамал рикьа-риххун ана ва гьезул хабар къотІана. 37 Гьесдаса хадув халкъалъул хъвай-хъвагІай гьабулеб заманаялда вачІун вукІана Галилеялдаса Ягьуда. Гьесдаги нахърилълъана гІадамал. Гьевги чІвана, гьесул рахъ ккуралщиналги додинго рикьа-риххун ун тІагІана. 38 Гьединлъидал, гьале дица нужеда абулеб буго, щибго гьабичІого жалго те гьадал чагІи. Щайгурелъул гІадамаздасан бугеб амруги ишги гьеб батани, жибго биххун ина. 39 Аллагьасдасан гьеб батани, нужеда кІвеларо гьеб биххизабизе. Аллагьасда данде рагъулел чагІилъунцин лъугьине гуринха нуж. 40 Гьасухъ гІенеккана гьел. Жаниреги ахІун, цІалаца рухана гьез чапарзаби. ТІокІаб ГІисал цІар рехсон щибго бицунгейиланги лъазабун, нахъе риччана. 41 Суд гьабулеб рокъоса къватІире рахъарал чапарзаби рази-ракиго рукІана ГІисал цІар сабаблъун хІакъирлъи-къварилъи насиблъанилан. 42 Мукъадасаб Рокъоре унги, гьединго рокъо-рокъоре унги, гьез щибаб къойил гьоркьоса къотІичІого МасихІ ГІисал хІакъалъулъ бицунаан ва Рохалил хабар лъазабулаан.

6

1 Гьеб заманаялда муридазул къадар цІикІкІанагІан, грек мацІалда кІалъалел жугьутІаз ягьудиязда тІасан гІарз бахъизе байбихьана щибаб къоялъ напакъа бикьулаго жидер къоролруччаби къварид гьарулел ругилан. 2 Гьебмехалъ анцІила кІиявго чапарас, киналго муридалги данде ахІун, лъазабуна, Аллагьасул рагІи-малъиги рехун тун, жал садакъа-напакъаялде руссине рекъон букІинарилан. 3 Гьанже, вацал, нужеда гьоркьоб къадру-къимат бугев, Илагьияб РухІалъ ракІги цІурав, цІодорав-гІакъилав анкьго чи тІаса вищизе ккелин. Цинги гьеб ишги гьезда тІадкъалин, 4 нижги рукІинин Аллагьасе тІагІат гьабулел, гьесул РагІуе хъулухъ гьабулел. 5 Кинабго агьлу разилъана гьелда. Гьез тІаса рищана Илагьияб РухІалъги иманалъги ракІ цІурав Стефанги, Филиппги, Прохорги, Никанорги, Тимонги, Парменги ва мажусияв вукІун Аллагьасде вуссарав Антиохиялдаса Николайги. 6 Чапарзабазда цере чІезаруна гьел. Чапарзабазги, дугІаги гьабун, гьезда тІад квер лъуна. 7 Гьедин Аллагьасул рагІи цІубалеб букІана. Муридазул къадар цІакъго-цІакъ цІикІкІана Иерусалималда. ЦІакъ гІемерал кашишзабазги иман лъуна. 8 Жиндилъ баркатги къудратги бугев Стефаница халкъалда рихьизарулел рукІана кІудиял мугІжизаталги гІаламаталги. 9 Амма «Тархъанлъарал лагъзадерилин» абун цІар бугеб синагогаялде ва киренаязул, гьединго искандарияталдасезул синагогабазде ва киликиялдасезулги асиялдасезулги гІахьалаб синагогаялде какде хьвадулел цо-цо гІадамал Стефангун къацандизе, дагІбадизе лъугьана. 10 Стефанилъ бугеб Илагьияб РухІги гьесул гІакъилаб каламги къезабизе кІвечІо гьезда. 11 Гьебмехалъ гьез, гъоркьанго рекъезарун, цо-цо чагІи гьусун тІамуна Муса аварагги Аллагьги какун гаргадилев рагІанин гьев жидедаян абизе. 12 Халкъги, халкъалъул чІухІби-хІакимзабиги, диниял гІалимзабиги Стефанида дандечІезе тІамуна гьез. РачІун гьез ккун вачун Стефан кІудияб судалда цеве чІезавуна. 13 Гьенире рачун рачІана гьаб хирияб бакІги нилъер къанунги какун чІечІого гаргадулев вукІанин гьевилан гьересинугІлъиялъе гІадамал. 14 Гьез абуна жидеда рагІанила Стефаница абулеб гьев Назареталдаса ГІисаца гьаб хирияб бакІ биххизабизе бугин ва Мусаца нилъее тарал гІадаталги хисизаризе ругилан. 15 Судалда гьоркьор ругел гІадамал Стефанихъ ралагьун рукІаго, гьезда бихьана гьесул гьумер малаикасул гІадин лъугьун.

7

1 Бищунго кІудияв кашишас Стефанида гьикъана гьеб битІараб бугищилан. 2 Гьес жаваб кьуна: – Я, дир вацалги умумулги! Дихъ гІенекке нуж. Харраналде гочиналдего, гьев жеги Месопотамиялдаго вугеб мехалъ, нилъер кІудияв эмен Ибрагьимие загьирлъун, Къудратав Аллагьас абуна: 3 «Дурго росу-ракьги рехун тун, гІага-божаралги тун, мун а дица бихьизабизе бугеб ракьалде». 4 Гьебмехалъ Ибрагьим, халдеязул ракьалдаса Харраналде гочун, гьенив чІана. Цинги гьесул эмен хун хадув Аллагьас гьев гочинавуна гьаб нужеца яшав гьабун бугеб ракьалде. 5 Гьаб ракьалъул цохІо хІетІе чІарабги бакІалъул бетІергьанлъун гьавичІо Аллагьас Ибрагьим. Добмехалъ гьесул лъимер-бетІер букІинчІониги, БетІергьанас Ибрагьимие къотІи гьабуна гьесиеги гьесул наслу-тухумалъеги мулклъун кьелин гьаб ракьилан. 6 Аллагьас цоги абуна гьесул наслуялъул гІадамал чияр ракьалда апарагзабилъун рукІине ругин, чияр лагълъиялда гъоркь гІакъуба-къварилъиялда хутІизе ругин ункънусго соналъ. 7 Амма гьеб наслу лагълъиялде ккезабураб халкъалъе жинца жаза гьабизе бугиланги абуна Аллагьас. Гьелдаса хадуб доб ракьалдаса нахъе ун, гьаб ракьалде рачІинин ва гьаниб жиндие гІибадат гьабилиланги абуна. 8 Цинги гьеб къотІи тІубазе букІиналъул гІаламатлъун сунат гьабизеги тІадлъуна Аллагьас. Гьединлъидал, Ибрагьимие ИсхІакъ гьавураб мехалъ, гьавун микьабилеб къоялъ гьесие сунат гьабуна. ИсхІакъие Якъуб гьавуна, Якъубиеги гьавуна анцІила кІиго вас – анцІила кІиго наслуялъул бетІер. 9 Вацазул жахІда бергьун гьез Юсуп Мисриялде лагълъун вичана. Амма Аллагьас гьев рехун течІо, 10 кинабго къварилъи-гІазабалдаса ворчІизавуна. Мисриялъул пиргІавнасдаги бихьизабуна Юсупилъ баркатги гІакъиллъиги букІин. ПиргІавнас гьесухъе кьуна тІолабго Мисриялъулги жиндирго рукъалъулги кверщел. 11 Мисриялда ва КангІаналда, кутакалда ракъи багъарун, кІудияб къварилъи букІана. Кваназе жо гьечІого хутІана нилъер умумулги. 12 Мисриялда хІалухъадул нахърател бугилан рагІун, Якъубица васал – нилъер умумул – ритІана гьенире. (Гьеб букІана Мисриялде гьезул тІоцебесеб сапар.) 13 КІиабизеги вацал Мисриялде рачІараб мехалъ Юсупица бицана гьезда жив щивали, гьедин пиргІавнасдаги лъана лъил наслуялъул чи Юсуп вугевали. 14 Цинги Юсупица, хадур чагІиги ритІун, эменги гьесул хъизан-агьлуги – кинавниги лъабкъоялда анцІила щуго чи – жиндихъего ахІана. 15 Гьедин Якъуб Мисриялде гочана, гьевги цогидал нилъер умумулги гьенир хвана. 16 ЦІидасан рукъизе гьезул жаназаби Сихемалде росана, гьениб Сихемалдаса Эмморил лъималазухъа Ибрагьимица гІарцухъ бичун босун букІараб хобалъур лъуна. 17 Аллагьас Ибрагьимие къотІи гьабун букІараб болжал гІагарлъанагІан Мисриялда нилъер халкъ цІикІкІана, гІемерлъана. 18 Гьеб заманаялда Мисриялъул парччахІлъун ккана Юсуп жинда лъаларев чи. 19 Гьес нилъер халкъ сихІру-хІиллаялдалъун къварид гьабизе байбихьана, нилъер умумузе гІакъуба кьуна, гьарурал лъимал, тІалабго гьабичІого, хвезе теян лъазабуна. 20 Гьебмехалъ гьавуна Муса. Аллагьас берцинлъи кьун букІана гьесие. Лъабго моцІалъ эбел-инсуца тІалаб гьабуна гьесул. 21 Цинги нахъе рехидал, пиргІавнасул ясалъ гьев жиндиего вачана, вас гІадин хьихьана. 22 Мисриялъул халкъалъул гІелму-гІакълу босарав чилъун лъугьана Муса, бицунеб рагІулъги гьабулеб ишалъулъги къудрат бугев вукІана. 23 КІикъого соналде вахараб мехалъ гьесда ракІалде ккана жиндирго вацал – жугьутІал кин ругелали ваккизе ине. 24 КъибтІияс цо жугьутІав вухулев ватун, гьесие хІалае вахъана Муса. Кьабураб жоялъ Мусаца чІвана гьев къибтІияв. 25 Гьесда ккун букІана жугьутІазда бичІчІилин жив гьел хвасар гьаризе Аллагьас витІарав чи вукІин. Амма гьезда бичІчІичІо. 26 Нахъисеб къоялъ Мусада кІиго жугьутІав ватана цоцалъ вагъулев. «Нужни вацал ругин, щай цоцалъ рагъулел ругел?» – ан абуна гьес гьезда. 27 - 28 «Нижее ханлъи гьабизеги суд гьабизеги мун лъица тарав чи? Сон къибтІияв чІварав гІадин, жакъа дунги чІвазе бокьунищ бугеб?» – ан нахъе тункана Муса рагъулел рукІаразул цояс. 29 Гьел рагІаби сабаблъун Муса Мисриялдаса лъутун ана ва МадгІаналъул ракьалда апараглъун чІана. Гьенив кІиго васасул эменлъун вахъана гьев. 30 КІикъого соналдасан Синай магІарда аскІоб бугеб цо гІицІаб авлахъалда бухІулеб бугеб хъархъил цІадулъан Аллагьасул малаик рещтІана гьесухъе. 31 ГІажаиблъун валагьун хутІана Муса. ЛъикІго хал-шал гьабизе гьеб хъархъида аскІове индал, Мусада рагІана БетІергьанасул гьаракь: 32 «Дун вуго дур умумузул: Ибрагьимилги, ИсхІакъилги, Якъубилги Аллагь». Нусабго лага сорон, гьеб хъарахъалъухъ валагьизе хІинкъана Муса. 33 БетІергьанас гьесда абуна: «Дуца хьитал рахъе. ЦІакъ хирияб ракьалда хІетІе чІолеб буго дуца. 34 Дида якъинго бихьана Мисриялда дир халкъ къварилъиялда букІин. Дида рагІана гьезул угьди-зигарди. Гьел хвасар гьаризе рещтІана дун. Гьанже а дурго, дица Мисриялде витІизе вугин мун!» 35 Нижее ханлъи гьабизеги суд гьабизеги мун лъица тарав чийилан абун жугьутІаз жиндаса инкар гьабурав гьев Муса, хъархъилъан гьесухъе рещтІарав малаикасдалъун Аллагьас витІана гьезие ханлъи гьабизеги, гьел хвасар гьаризеги. 36 Мисриялъул ракьалдаса къватІиреги лъугьинарун, БагІараб ралъдал рагІалдаги гІицІаб авлахъалдаги гІаламаталги мугІжизаталги рихьизарун, гьев Мусаца жугьутІал кІикъого соналъ жиндаго хадур рачана. 37 Гьев Мусацайин Исраилил наслуялда гьадин абун букІараб: «Аллагьас нужее дун гІадинав авараглъун вахъинавила нужер вацазда гьоркьоса чи». 38 Гьев Мусайин вукІарав гІицІаб авлахъалде данделъараб Исраилил халкъалда цадахъ. Гьенир Мусада цадахъ рукІана нилъер умумулги ва Синай магІарда гьесда кІалъарав малаикги. Нилъее кьезелъун Аллагьас гьесде рещтІана жакъаги цере ругел амруял. 39 Амма нилъер умумузе бокьичІо гьел амруял тІуразаризе. Мусаги нахъе цун, гьезул ракІал Мисриялдехун руссана. 40 Гьез Гьарунида абуна: «Нилъ гьаниса нахъе рачине кІолел аллагьзаби гьаре дуца нилъее. Нилъ Мисриялдаса гьанире рачарав гьадав Мусалги щиб ккарабали лъалеб гьечІо нижеда». 41 Гьебмехалъ, бачил сурат гьабун, гьелъие къурбанал хъуна. Жидерго квералъ гьавурав гьев «аллагьасдаса» рохун рукІана. 42 Аллагьас гьездехун мугъ рехана, цІвабзазе лагълъи гьабизе тана, Аварагзабазул ТІехьалда бугелъулха гьадинаб калима: «Я, Исраилил наслу! ГІицІаб авлахъалда кІикъого соналъ дие гуро нужеца къурбанал хъурал! 43 Нужеца цадахъ босана Молех-аллагьасул чадир ва нужер Рефан-цІва абулев „аллагь“ – сужда-тІагІаталъе нужецаго гьарурал суратал. Гьединлъидал дица нуж Вавилоналъул гІорхъи бахун нахъе гочинарила». 44 Добмехалъ гІицІаб авлахъалда нилъер умумузул букІана Аллагь жидеда цадахъ вукІиналъул магІна жиндилъ бугеб чадир. Гьеб гьабун букІана Мусада кІалъарав малаикас гьесда бихьизабуралъул сураталда. 45 Гьеб чадир нилъер умумузе ирсалъе щвана Навин ГІисал бетІерлъиялда гочунаго, гьез гьеб цадахъ босана, гьел тІаде щолаго Аллагьас нахъе лъутизарурал къавмазул ракьалдеги. Гьеб кинабго лъугьана Давуд вахъиналде. 46 Давудида Аллагьасул цІоб лъуна. Гьес БетІергьанасда гьарана Якъубил Аллагьасе рукъ базе бегьиларищилан. 47 Гьеб рукъ барав чи Сулайман аварагин кколев. 48 Амма инсанасул квералъ рарал рукъзабахъ ТІадегІанав Аллагьас яшав гьабуларо. Гьелъул хІакъалъулъ цо аварагас гьадин абун буго: 49 «Дир тах зобалазда буго. Ракь Дир хІатІазукь буго. Кинаб рукъ нужеца Дие балеб? – ан абуна БетІергьанас. – Яги Дие рахІат-хІалхьиялъе кинаб бакІ нужеца балеб? 50 Гьеб кинабго Дица бижараб гурищ?» 51 ХъабаналъгІанги габур кьуризабуларел нужеца сунат гьабуни щиб, ракІги гІундулги рукІухъего хутІун ругелъул? Нужер умумулго гІадин, нужги кидаго Илагьияб РухІалда дандечІун руго. 52 Нужер умумуз гІазаб-гІакъуба кьечІев цониги авараг хутІаравищ? Гьез чІвана Аллагьасул вакил вачІине вугилан цебеккунго жидеца лъазабуралги. Гьанже нужгоги лъугьана гьев вакиласе хиянат гьабурал ва гьев чІварал чагІилъун. 53 Малаикзабазул кумекалдалъун нужехъе бачІана Аллагьасул къанун, амма нужеца гьеб цІуничІо! 54 Гьеб калам рагІидал гьезул рекІелъ ццин гьалаглъана ва гьесде цаби къерщезаризе лъугьана. 55 Илагьияб РухІалъ цІурав Стефаница берал зобалазде руссинаруна. Гьесда бихьана Аллагьасул нурги ва гьесул кваранаб рахъалда чІун ГІисаги. 56 Гьес абуна: – Гьале дида зобал ричІун рихьулел руго ва гьенив Аллагьасул кваранаб рахъалда чІун ГІадамил Лъимерги вихьулев вуго! – ян. 57 Гьебмехалъ гьел чІчІичІчІидизе лъугьана ва гІинзунир килщал къазаруна. Цинги цадахъго тІадречІчІун гьев гІодов ккезавуна, 58 шагьаралдаса къватІивеги рехун, ганчІал речІчІун чІвана. Гьенир рукІарал гІадамаз жидерго гІабаби Шаул абун цІар бугев цо гІолохъанчиясда цере лъун тана. 59 Гьез ганчІал речІчІун чІвалеб мехалъ, Аллагьасул цІар рехсон, Стефаница гьарана: – Я, ТІадегІанав ГІиса! Дир рухІ къабул гьабе! – ян. 60 Цинги, кІиябго накуги гІодоб чІван, гьес ахІана: – Я, БетІергьан! Гьазие мунагьлъун хъваге гьаб иш! – абун. Гьебмехалъ Стефанил рухІ босун ана.

8

1 БитІун чІванин гьевилан рикІкІана Шаулица. Гьел къоязда Иерусалималда кутакаб гІакъуба бихьана иман лъуразул агьлуялда. Чапарзаби хутІизегІан цогидал киналго рикьа-риххун Ягьудиялъул ва Самариялъул батІи-батІиял бакІазде лъутана. 2 Муъминал гІадамаз Стефан хабалъ вукъана ва гьесда хадуб гІемераб магІу тІуна. 3 Шаулицайин абуни иман лъуразул агьлу щущазабулеб букІана: рокъо-рокъове ун бихьиналги руччабиги, рехъерхъун рачун, туснахъалъур тІамулел рукІана. 4 Рикьа-риххун рахъ-рахъалде арал муридаз Рохалил хабар бицунеб букІана. 5 Самариялъул цо шагьаралде арав Филиппицаги МасихІил хІакъалъулъ хабар тІибитІизабулеб букІана гьениб. 6 Гьес рихьизарурал мугІжизатазул хІакъалъулъ рагІунги бихьунги лъалел гІемерал гІадамал данделъун, Филиппихъ гІенеккулел рукІана. 7 Гьелъие гІилла букІана хъубал женаз ккурал гІемерал гІадамазул чорхолъа къватІире гьел жундул чІахІиял гьаркьалги гьарулаго рачІунел рукІинги, гІемерал унтарал чагІи Филиппица сахлъизарулел рукІинги. 8 Гьелдаса цІакъ бохун шагьаралъул халкъги букІана. 9 Гьесдасаги цеве гьеб шагьаралда вукІарав цо Симон абулев чияс сихІру гьабун гІажаиблъизарун рукІана Самариялъул гІадамал. Симоница живго цІакъ кІудияб гьунаралъул чилъун вихьизавулев вукІана. 10 «КІудияб къудратилан» абулеб къудрат жиндилъе лъугьарав чи вугин гьевилан гІисиназги чІахІиязги кІалухъ вахъун вукІана Симон. 11 Гьев кІалухъ вахъиялъе гІиллаги букІана гІемераб заманаялъ гьес гьел жиндирго хІикматал ишаздалъун гІажаиблъизарун рукІин. 12 Аллагьасул ПарччахІлъиялъул ва ГІиса МасихІил цІаралъул хІакъалъулъ Рохалил хабар бицунев вугев Филиппида божарал бихьиналги руччабиги лъадалъ ччун рахъулел рукІана. 13 Симонги божана гьесда ва живго лъадалъ ччун вахъизавуна. Гьелдаса хадув тІокІав вичІичІо гьев Филиппида аскІоса. Филиппица рихьизарулел ругел гІаламатаз ва кІудияб хІалкІолъиялъул ишаз хІайранлъизавун вукІана гьев. 14 Самариялъул гІадамаз Аллагьасул рагІи къабул гьабун бугилан рагІидал, Иерусалималда рукІарал чапарзабаз Пётрги Иоаннги ритІана гьезухъе. 15 Гьенире щведал Пётрицаги Иоанницаги гьезулъе Илагьияб РухІ рещтІагийилан гьарун, муридазе дугІа гьабуна. 16 ТІадегІанав ГІисал цІаралдалъун гьел лъадалъ ччун рахъун рукІаниги, Илагьияб РухІ рещтІун букІинчІо жеги гьезул цонигиясулъе. 17 Пётрицаги Иоанницаги тІад квер лъураб мехалъ гьезулъеги рещтІана Илагьияб РухІ. 18 Чапарзабаз тІад квер лъурав чиясе Илагьияб РухІ щолеб бихьидал, гьезие гІарацги босун вачІун, Симоница абуна: 19 – ТІад квер бахъарав чиясулъе Илагьияб РухІ лъугьинабизе кІолеб гьеб нужер къудрат диеги кье, – ян. 20 Амма Пётрица абуна: – Гьеб гІарацги мунги – кІиялгоги цадахъ – паналъагийин нуж, дуда ракІалде кин ккараб мухь кьун Аллагьасул сайигъат бичун босизе. 21 Аллагьасда цебе дур ракІ бацІцІадаб гьечІелъул, гьаб ишалъулъ дуе я бутІа, я ирс букІине гьечІо. 22 Дурго гьеб квешлъиялда рекІекълъун тавбу гьабе ва БетІергьанасда гьаре гьел дур рекІелъ рижарал пикрабазда тІасалъугьайилан. 23 Дида бихьулеб буго дур ракІ хъубаб жахІдаялъул цІун бугеблъиги, гьелдалъун мун мунагьалъул асирлъун лъугьун вугевлъиги. 24 Симоница абуна: – Гьеб нужеца бицунебщинаб балагь диде рещтІинчІого букІине дир рахъалдасан БетІергьанасе дугІа гьабе, – ян. 25 ХІасил – чапарзабаз МасихІил хІакъалъулъ бицана ва Аллагьасул рагІи тІибитІизабуна. Гьедин Иерусалималде тІадруссун унаго, Самариялъул гІемерал росабалъги бицана гьез Рохалил хабар. 26 Бичасул малаик вачІун, гьес Филиппида абуна: – Вахъа, мун а гьанже Иерусалималдаса Газаялде бугеб нухдасан къилбаялъул рахъалдехун валагьун. ГІицІаб авлахъалдасан буго гьеб нух. 27 Вахъун ана гьев. Иерусалималде зияраталъ ун вукІарав цо хІабашияв данде ккана. Гьев вукІана ХІабашистаналъул парччахІлъун йигей Кандакиял кинабго хазина божун тарав чи, живгоги бихьинчиясулаб къуваталдаса ватІалъарав ахта. 28 ЧІухІараб чолгьакидаги рекІун, жиндирго ракьалде тІадвуссун унаго гьес цІалулеб букІана Ишая аварагасул тІехь. 29 Гьеб гьакида аскІовеги витІун, Илагьияб РухІалъ Филиппида абуна гьелда цадахъ айилан. 30 Векерун аскІове щведал, гьасда рагІана гьев чияс Ишая аварагасул тІехь цІалулеб. – Дуца цІалулеб бугеб жоялъул магІна бичІчІулеб бугищ дуда? – ян гьикъана Филиппица гьесда. 31 – Гьеб бичІчІизабизе чи гьечІони, кин гьелъул магІна дида лъалеб? – ан абуна гьес. Цинги гьес Филиппида гьарана гьакиде вахун жинда аскІов гІодов чІайилан. 32 Доб Илагьияб ТІехьалдаса гьадинаб калима цІалулеб бугоан хІабашияс: «Гьев вачун унев вукІана, хъвезе бачун унеб чахъу гІадин. КъунцІарухъанасда цебе кьегІер-хух буцІцІун чІолеб гІадин, кІутІби ричІун кІалъачІого унев вукІана гьев. 33 Гьев гІодовегІанлъизавуна, гьесие ритІухъаб суд гьабизе инкар гьабуна. Гьесул наслу-тухумалъул хІакъалъулъ лъица бицинеб? Ракьалда тІад гьесул гІумру лъугІидалха». 34 Ахтаяс Филиппида абуна: – ТалихІ кьегийин, бице дида: лъил хІакъалъулъ аварагас гьедин абулеб бугеб? Жиндирго хІакъалъулъищ яги цогидасул хІакъалъулъищ? 35 Гьес цІалараб калимаялдасан байбихьун кІалъазе лъугьарав Филиппица гьесие бицана ГІисал хІакъалъулъ Рохалил хабар. 36 Гьедин унаго цо лъим бугеб бакІалде щведал, ахтаяс абуна: – Балагье гьаниб лъим бугогури. Гьанив лъадалъ ччун вахъизавизе сунцаниги квалквал гьабиларо дие? 37 - 38 Цинги гьес гьоко чІезабеян амру гьабуна. Филиппги гьев ахтаги, гьакидаса рещтІун, лъадалъе лъугьана ва Филиппица гьев лъадалъ ччун вахъана. 39 Гьел лъадалъа къватІире лъугьараб мехалъ, Илагьияб РухІалъ восун ун, ахтаясул берда цевеса тІагІана Филипп. Цинги вохуца холаго жиндирго нухда ана ахта. 40 Гьебмехалъ Филиппида живго Азоталде щун ватана. Цинги гьенисан унаго Къайсарияталде щвезегІан ругел киналго шагьаразул халкъалда Рохалил хабар бицана гьес.

9

1 Шаулил рекІелъа унеб букІинчІо ТІадегІанав ГІисал муридал хІинкъизариялъулги гьел гъурун тІагІинариялъулги гъаргъар. Бищунго кІудияв кашишасухъе вачІун 2 гьес абуна жив Дамаскалде, гьелъул синагогабазде инехъин вугин. Гьенир ГІисал Нух цІунун хьвадулел бихьинал ратаниги, руччаби ратаниги, кквезеги ккун, рухьинеги рухьун, жинца Иерусалималде рачинин, гьелъие изну букІин бицунеб кагъат кьейиланги гьарана. 3 Гьедин унаго Дамаскалде гІагарлъидал тохлъукьего зобалаздасан нуралъ къалъ-къалъизавуна гьев. 4 ГьебсагІат гІодов ккана Шаул. – Шаул! Шаул! Щай дуца дие гьаб гІазаб-гІакъуба кьолеб бугеб? – абун гьаракьги рагІана гьесда. 5 – Мун щив, бетІерчІахъад? – абун гьикъана Шаулица. – Дун вуго дуца гІазаб-гІакъуба кьолев ГІиса, – ян рагІана гьесда жаваб. – 6 Гьанже тІаде вахъун шагьаралде а мун, доба бицина дуда щиб гьабизе кколебали. 7 Гьесда цадахъ рукІарал гІадамал кІал-мацІ къотІун хутІана. Гьаракь рагІулеб букІин гурони, щивниги чи вихьулев вукІинчІо гьезда. 8 Шаул тІаде вахъана. Амма берал ричІун валагьидал, щибниги бихьичІо гьесда. Бераздаса канлъи босарав гьев, квер ккун вачун, Дамаскалде щвезавуна. 9 Лъабго къо бана гьес бадиса канлъиги босун. Я кваначІо, я гьекъечІо. 10 Дамаскалда вукІана Анания абулев цо мурид. Илгьам лъугьун: «Ва, Анания!» – абун ахІана гьесде ТІадегІанав ГІисаца. «Дун гІенеккун вуго», – ян абуна гьес. 11 Цинги ТІадегІанав ГІисаца гьесда абуна: – Гьанже вахъун а мун БитІараб абун цІар лъураб къотІнове. Гьениб Ягьудал минаялъув цІехе Тарсалдаса Шаул абун цо чи вугищилан. Гьале гьаб параялда дугІа гьабулев вукІаго, 12 гьесие илгьам лъугьана Анания абун цо чи вачІине вугин духъе, гьес тІад квер лъурабго беразда канлъиги бихьизе бугилан. 13 Ананияца абуна: – Я, ТІадегІанав ГІиса! Чанги чияс бицунеб рагІана дида гьев чиясул хІакъалъулъги, дуде иман лъуразе Иерусалималда кигІан гІемераб квешлъи гьес гьабурабалиги. 14 Гьанивеги гьев вачІун вуго дур цІар рехсанщинав чи ккун вачун жанив тІамизе чІахІиял кашишзабаз ихтиярги кьун. 15 ТІадегІанав ГІисаца гьесда абуна: – Мун а гьанже. Гьев вуго киналго къавмазда, парччахІзабазда ва Исраилил халкъалда гьоркьоб дир цІар тІибитІизабизе тІаса вищун витІарав дир илчи. 16 Дицаго бихьизабила гьесда дир цІар сабаблъун гьес кигІан гІемераб гІазаб-гІакъуба хІехьезе ккелебали. 17 Вахъун ун доб минаялъуве щвана Анания. Шаулида тІад кверги лъун, гьес абуна: – Я, дир вац Шаул, ТІадегІанас – гьаниве вачІунаго нухда дуда кІалъарав гьев ГІисаца – дун витІана дидалъун дур беразда канлъи бихьизеги Илагьияб РухІ дуде рещтІинеги. 18 ЧчугІил хъал кинигин, тІаса ана бецлъи, ва гьебсагІат канлъи бихьана. ТІаде вахъун ун гьев лъадалъ ччун вахъана. 19 Цинги кванана-гьекъана, къуват-жан чорхолъе лъугьана. Цо чанго къо бана Шаулица Дамаскалда муридазда аскІоб. 20 Гьебмехалъго синагогабазде ун гьес ГІисал хІакъалъулъ бицунеб букІана гьев ГІиса Аллагьасул Вас вугилан. 21 Гьесул вагІза рагІанщинас хІикмалъун абулеб букІана: – Гьеб цІар рехсанщинав чи тІагІинавизейилан Иерусалималда хІаракат бахъулев вукІарав чи гурищ гьав? Рухьинеги рухьун, гьел чІахІиял кашишзабазул кверде кьезе гурищ гьав гьанивеги вачІун вукІарав? 22 Амма Шаулил рагІул къуват цІикІкІунеб букІиналъ ва ГІиса хІакълъунго МасихІ вугилан чІезабулеб букІиналъ тату хвезабуна Дамаскалда ругел жугьутІазул. 23 Гьелдаса гІезегІанго заман индал, гьев чІвазе къотІи ккана гьезул. 24 Шаулидаги лъана гьелъул хІакъалъулъ. Къасиги къадги шагьаралъул кавабазухъ гъоркьчІел гьабун букІана гьев чІвазе. 25 Сардилъ гьесул муридаз гьев, гьагьинивги лъун, шагьаралъул рагІалда бугеб къадахъа гъоркье виччана. 26 Иерусалималде щвараб мехалъ Шаулица къасд гьабуна муридалгун цолъизе. Амма гьев муридлъун лъугьун вукІиналда божичІого, гьесукьа хІинкъун рукІана киналго. 27 Барнаба ана Шаулги вачун чапарзабазухъе. Дамаскалде унаго нухда Шаулида ТІадегІанав ГІиса вихьиялъулги, ТІадегІанав ГІиса гьесда кІалъаялъулги ва Дамаскалда хІинкъи-къай гьечІого гьев ГІисал цІар рехсон гьес гьарурал насихІатазулги хІакъалъулъ бицана гьезда Барнабаца. 28 Гьелдаса хадув Шаул чапарзабазда цадахъ чІана. Гьезда цадахъ Иерусалималда киса-кивего унаан ва ТІадегІанасул цІар рехсон хІинкъичІого бицунаан Рохалил хабар. 29 Гьев дагІбадулаан, къацандулаан грек мацІалда кІалъалел жугьутІалгун. Гьез къасд гьабуна Шаул чІвазе. 30 Гьеб лъайдал, Къайсарияталдеги вачун, вацаз Шаул Тарсалде витІана. 31 Гьедин тІолабго Ягьудиялда, Галилеялда ва Самариялда иман лъуразул агьлуялъул хІал лъикІлъана, БетІергьанасдаса хІинкъарал ва Илагьияб РухІалъ кантІизарурал гІемерал гІадамаз иман лъуна. 32 Киназухъего щвезе къватІиве вахъун вукІарав Пётр гьале Лидда абулеб шагьаралда ругел иман лъуразухъе щвана. 33 Гьенив ватана палижалъ ккун микьго соналъ бусада лъурав цо Эней абулев чи. 34 Пётрица гьесда абуна: – Эней, мун МасихІ ГІисаца сахлъизавуна. ТІаде вахъун дурго бусен бакІаре! Эней гьебсагІат тІаде вахъана. 35 Гьев сахлъун вихьана Лиддаялъулги Сароналъулги киналго гІадамазда ва гьез ТІадегІанасде иман лъуна. Иоппиялда йикІана ТІабита абун цІар бугей цо мурид. 36 («Чанил цІцІе» абураб магІна буго гьеб цІаралъул.) ГІадамазе лъикІлъи гІемерай, мискиназе-пакъиразе садакъа гьарзаяй гІадан йикІана гьей. 37 Гьеб заманаялда цо хехаб унтуца хвана гьей. ТІасарокъоб лъун букІана чурун къачІараб гьелъул жаназа. 38 Лидда Иоппиялдаса рикІкІад букІинчІелъул, Пётр Лиддаялда вугин рагІарал муридаз кІиго чи витІана хехго жидеда тІаде щвайилан гьаризе. 39 Вахъун гьезда цадахъ ана Пётр. Иоппиялде щведал, гьев тІасарокъове вачана. ГІемерал къоролруччаби ратана гьенир. ГІодилаго гьез Пётрида рихьизарулел рукІана чІаго йигеб мехалъ гьелъ жидеего гьарурал гурдал ва цогидабги ретІел. 40 Гьелги къватІире ритІун, Пётр суждаялда чІана ва дугІа гьабизе лъугьана. Цинги жаназаялдехун вуссун: – ТІаде яхъа, ТІабита! – ян абуна гьес. Гьелъ берал ричІана, Пётрихъги ялагьун, тІаде йорхун гІодой чІана. 41 Кверги ккун, тІаде яхъинаюна Пётрица гьей. Цинги иман лъуралги къоролруччабиги ахІун, ТІабита чІаголъун йикІин бихьизабуна гьезда Пётрица. 42 Гьелъул хабар тІибитІана тІолабго Иоппиялда. ТІадегІанав ГІисаде иман лъун гІемерав чи муъминлъана. 43 Симон абулев цо дабагъчиясухъ гьоболлъухъ рещтІун Иоппиялда лъикІаланго къоял рана Пётрица.

10

1 Къайсарияталда вукІана Корнелий абулев цо чи. Гьев вукІана Италиялъулабилан абулеб полкалдаса рагъухъабазул нусилбетІер. 2 Гьевги гьесул рукъалъул агьлуги Аллагьасукьа хІинкъарал, цІакъ диниял гІадамал рукІана. КІуди-кІудиял садакъабиги гьарулаан гьес гІадамазе, кидаго Аллагьасе тІагІат-гІибадаталдаги вукІунаан. 3 Гьале цо къоялъ къаденахъе сагІат лъабго тІубараб мехалъ, тІасан загьираб илгьам лъугьун, Бичасул малаик вачІана гьесухъе. – Корнелий! – абун кІалъана гьесда малаик. 4 ХІинкъадго гьесухъги валагьун: – Щиб, бетІерчІахъад? – абун гьикъана Корнелийица. Малаикас гьесие жаваб кьуна: – Дур дугІабиги садакъабиги Аллагьас къабул гьаруна, бищунго къабулаб къурбан гІадин. 5 Гьанже дуца Иоппиялде чагІи ритІе Пётр абун тІокІцІар бугев Симонида хадур. 6 Гьев вуго дабагъчи Симонихъ гьоболлъухъ. Ралъдал рагІалда буго гьесул мина. 7 Гьесда кІалъарав малаик цевеса тІагІаравго, Корнелийица кІиго рагьтІателги жиндирго цо муъминав нукарги аскІоре ахІун, 8 гьезда гьеб кинабго бицана ва гьел лъабалго Иоппиялде ритІана. 9 Нахъисеб къоялъул къалъул гІужалда гьел Иоппиялде щолел рукІана. ТІохде вахун дугІа гьабулев вукІана Пётр гьебмехалъ. 10 Пётр вакъана, кванде хиял ккана гьесул гьениб. Гьесие квен къачІалеб букІаго, цебетІами лъугьана: 11 зобал рикьун ана ва ункъабго гІинщги ккун гІодобе биччан бачІунеб бихьана цо кІудияб туруталда релълъараб жо. 12 Гьелда тІад ругоан ракьалдасан хьвадулел киналго тайпабазул хІайваналгун шурулел жалги хІанчІиги. 13 – Вахъун гьелги хъве, гьезул гьанги кванай, Пётр, – абун гьаракь рагІана гьесда. 14 Пётрица абуна: – Я, ТІадегІанав, дица киданиги гьабиларо гьединаб иш. Хъубаб, хІарамаб квен дица киданиги квинчІо. 15 КІиабизеги добго гьаракьалъ абуна гьесда: – Аллагьас бацІцІад гьабураб жоялда хъубабилан абуге дуца. 16 Лъабабизеги рагІана Пётрида гьеб гьаракь ва гьебсагІат зобалазде босун ана доб турут гІадинаб жо. 17 Гьелъул магІна щибдайилан пикрабазда Пётр вугеб мехалъ, Корнелийица ритІарал дол гІадамал, Симонил мина бугеб бакІ балагьизе гьесул кавудухъе щун рукІана. 18 Гьез ахІунго-ахІун гьикъулеб букІана Пётр абун тІокІцІар бугев Симон вугищин нужер гьенив гьоболлъухъилан. 19 Доб жиндаго цебетІамураб сураталъул пикрабазда вукІарав Пётрида Илагьияб РухІалъ абуна: – ГІенекке, кІиго чи вуго мун валагьулев. 20 Вахъун гьанже тІохдаса гъоркьеги рещтІун, сунданиги щаклъичІого, гьезда цадахъ а мун. Гьел руго дица ритІарал чагІи. 21 Гьениса гъоркьеги рещтІун, дол гІадамазда абуна Пётрица: – Дун ккола гьев нужеца валагьулев вугев чи. Щай нуж гьанире рачІарал? 22 Гьез абуна: – Корнелий абун вуго цо нусилбетІер, гьев вуго Аллагьасукьаги хІинкъулев, киналго жугьутІазда гьоркьоб кІудияб къадру-къиматги бугев лъикІав чи. Бичасул малаикас гьесие илгьам гьабуна мун рокъове ахІеян ва дур рагІабазухъ гІенеккеян. 23 Пётрица гьел жанире рачана ва сордо бан гьенир чІезаруна. Нахъисеб къоялъ вахъун гьезда цадахъ ана Пётр. Иоппиялдаса цо чанго диналъул вацги къватІиве вахъана гьезда цадахъ. 24 КІиабилеб къоялъ Пётр Къайсарияталде щвана. Корнелий, жиндирго гІага-божаралги гьудул-гьалмагъзабиги ахІун, гьел рачІиналъухъ валагьун чІун вукІана. 25 Пётр азбаралъуве лъугьунеб мехалъ, данде ун гьесда цеве суждаялда чІана Корнелий. 26 Гьев тІаде вахъинавулаго, Пётрица абуна: – ТІаде вахъа, дунги мунго гІадинав чийин. 27 Гьевгун гара-чІварулаго рокъове жаниве лъугьарав Пётрида гІемерал гІадамал ракІарун ратана гьенире. 28 Гьезда Пётрица абуна: – Нужеда лъала жугьутІазул къануналда рекъон цогидал халкъазул гІадамазулгун гьоркьоблъи гьабизе яги гьезухъ гьоболлъухъ рещтІине жугьутІчиясе бегьулареблъи. Амма Аллагьас дида бихьизабуна тІолабго махлукъаталда гьоркьоб цониги чиясда хъубавилан, нажасавилан абизе бегьулареблъи. 29 Гьединлъидал дун, нужеца ахІаравго, тІадкІалъай гьечІого вачІана гьаниве. Гьанже бице нужеца: щай дида хадур чагІи ритІарал? 30 Гьебмехалъ Корнелийица абуна: – Ункъо къоялъ цеве, гьадинабго къалъудаса хадуб лъабго сагІат араб гІужалда дирго рокъов Аллагьасе как балев вукІана дун. ВачІун дида цеве чІана гвангъараб гІаба ретІарав цо чи. Гьес дида абуна: 31 «Корнелий, Аллагьасда рагІана дур дугІа, дур садакъабиги рихьана гьесда. 32 Гьанже дуца Иоппиялде чагІи ритІе Пётр абун тІокІцІар бугев Симонида хадур. Гьев Пётр вуго ралъдал рагІалда мина бугев дабагъчи Симонил бакІалда». 33 ГьебсагІатго ритІана дица дуда хадур чагІи. Мун гьаниве вачІун лъикІ ккана. Гьале гьанже ниж киналго Аллагьасда цере чІун руго, БетІергьанас дуе амру гьабурабщиналъухъ гІенеккизе. 34 Пётрица гьезда абуна: – Гьанже якъинго бичІчІана дида Аллагьас жиндирго лагъзадерида гьоркьоб батІалъи гьабулареблъи. 35 Кинаб къавмалъул чи вугониги, гьес къабул гьавула жинкьа хІинкъулев ва витІун хьвадулев чи. 36 Гьес Исраилил халкъалъухъе битІана жиндирго рагІи. Гьеб рагІи буго ракълил хІакъалъулъ ругьел, ва ГІиса МасихІидалъун бачІана гьеб. Гьев МасихІ вуго киназулго ТІадегІанав. 37 Нужеда лъала Галилеялдасан байбихьун тІолабго Ягьудиялда ккарабщинаб. Гьеб лъугьана ЯхІя аварагас лъадалъ ччун рахъизе кколилан лъазабуралдаса хадуб. 38 Нужеда лъала Аллагьас Назареталдаса ГІисаде Илагьияб РухІги хІалкІолъиги рещтІинабураблъи, гьес киса-кивего ун гІемераб лъикІлъи гьабураблъи ва илбисалъул кверщаликь рукІарал киналго гІадамалги сахлъизарураллъи, – Аллагь гьевгун вукІиндалха! 39 Ниж руго кинабго жугьутІазул ракьалдаги Иерусалималдаги гьес гьабурабщиналъе нугІзал. ГъотІода ван гъанкъун хвезавуна гьев. 40 Лъабабилеб къоялъ хваралъуса вахъинеги гьавуна Аллагьас гьев, хваралъуса вахъун вихьулевлъунги гьавуна. 41 Амма киназдаго гуро гьев вихьарав. Гьев вихьана Аллагьас цереккунго тІаса рищун рукІарал, гьеб киналъего нугІзаллъун лъугьарал нижеда. Хваралъуса вахъун хадувги гьесда цадахъ кванарал-гьекъарал чагІи руго ниж. 42 Гьес нижее амру гьабуна чІагоязеги хваразеги суд гьабизе Аллагьас тарав чи вугин живилан халкъалдаго лъазабеян, гьелъие нугІлъиги гьабеян. 43 Киналго аварагзабаз цебеккунго бицун букІана гьесде иман лъуравщинасул мунагьал гьесул цІаралдалъун чуризе ругилан. 44 Пётрил гьеб хабар лъугІилалдего гьесухъ гІенеккун рукІарал киналго гІадамазде Илагьияб РухІ рещтІана. 45 Цогидал халкъазеги Аллагьас Илагьияб РухІ сайигъат гьабидал, гІажаиблъун хутІана Пётрида цадахъ гьенире рачІарал иман лъурал цоги жугьутІал. 46 Цогидаб мацІалда гьезул кІалъайги гьез Аллагьасе гьабулеб реццги рагІулеб букІиндалха гьел жугьутІазда. Пётрица абуна: 47 – Нилъее гІадин, Илагьияб РухІ насиблъарал гьал гІадамазе лъадалъ ччун рахъи гьукъулев чи вукІинищ? 48 Цинги Пётрица гьезие амру гьабуна, МасихІ ГІисал цІар рехсон, лъадалъ ччун рахъайилан. Гьебмехалъ гьез Пётрида гьарана цо дагьаб мехалъ жидеда аскІов гьенив чІайилан.

11

1 Чапарзабазухъеги ва тІолабго Ягьудиялда рукІарал диналъул вацазухъеги хабар щвана цогидал халкъазги Аллагьасул рагІи къабул гьабун бугилан. 2 Пётр Иерусалималде тІадвуссараб мехалъ, иман лъурал жугьутІаздасан цо-цо чагІаз гьесие бадибчІвай гьабуна, 3 сунат гьабичІел гІадамазухъе гьоболлъухъ ун, гьезда аскІов гІодов чІун кваназе бегьилаанищилан. 4 Гьебмехалъ Пётрица мухІканго бицана гьезда жиндирго ккарал лъугьа-бахъиназул хІакъалъулъ: 5 – Иоппия шагьаралда цо къоялъ Аллагьасе дугІа гьабулев вукІана дун. Гьебмехалъ цебетІами лъугьана дие. Ункъабго гІинщги ккун цо кІудияб турут гІадинаб жо зодиса гІодобе биччалеб бихьана. БитІахъе дида аскІобе бачІана гьеб. 6 Гьелда тІад рихьана ракьалдасан хьвадулел ункъхІатІилал хІайванал, гьединго гІалхул хІайванал, шурулел жал ва хІанчІи. 7 Цинги цо гьаракьалъ абулеб рагІана дида: «Вахъун гьелги хъве, Пётр, гьезул гьанги кванай», – ян. 8 Дица абуна: «Я, БетІергьан! Дица киданиги гьабиларо гьединаб иш. Хъубаб, хІарамаб квен дица киданиги кІалдибе босичІо», – ян. 9 КІиабизеги зобалаздасан добго гьаракьалъ абуна: «Аллагьас бацІцІад гьабураб жоялда хъубабилан абуге дуца», – ян. 10 Лъабабизеги рагІана дида гьеб гьаракь. Цинги гьеб кинабго зобалазде эхеде цІан ана. 11 Дун рещтІун вукІараб рукъалда цеве лъабго чи чІана гьеб параялъ. Гьел ратана Къайсарияталдаса дида хадур ритІун рачІарал чагІи. 12 Илагьияб РухІалъ дида абуна сунданиги щаклъичІого гьезда цадахъ айилан. Дида цадахъ къватІиве вахъана гьав анлъавго диналъул вацги. Цинги ниж щвана дов чиясул бакІалде. 13 Гьес нижеда бицана жиндир рокъове вачІун малаикас гьадин абунилан: «Дуца Иоппиялде чагІи ритІе Пётр абун тІокІцІар бугев Симонида хадур. 14 Гьес бицина мунги дур хъизан-агьлуги хвасарлъулеб хабар». 15 Дица гьезие хабар бицине байбихьидал, добмехалъ нилъедего гІадин, гьездеги рещтІана Илагьияб РухІ. 16 Гьениб дида ракІалде щвана: «ЯхІя аварагас лъадаца чурарал гІадин, Илагьияб РухІалдалъун чурила нуж», – ан ТІадегІанав ГІисаца добмехалъ абун рукІарал рагІаби. 17 ТІадегІанав МасихІ ГІисаде иман лъурал нилъее гІадинаб сайигъат Аллагьас цогидал халкъазеги кьолеб бугеб мехалъ Аллагьасда дандечІаравани, дун щив чи ккелев вукІарав? 18 Гьеб хабар рагІидал гьел гІодоре риччана. Аллагьасе рецц гьабун гьез абуна гьанже Аллагьас цогидал халкъазеги рес кьун бугин абадияб гІумру насиблъулеб тавбу гьабизе. 19 Стефание зулму гьабураб заманаялда рикьа-риххун рахъ-рахъалде лъутун ун рукІарал муридал Финикиялде, Кипралде ва Антиохиялдецин щвана. ЖугьутІазда гурони гьез Рохалил хабар бицунеб букІинчІониги, 20 гьезда гьоркьор рукІана Кипралдаса ва Киренеялдаса цо-цо гІадамал, Антиохиялде рачІун, гьениб греказдаги ТІадегІанав ГІисал хІакъалъулъ жидеца Рохалил хабар бицине лъугьарал. 21 БетІергьанас квербакъи гьабуна гьезие, ва цІакъ гІемерал гІадамаз ТІадегІанав ГІисаде иман лъуна. 22 Гьезул хІакъалъулъ хабар рагІана Иерусалималда бугеб иман лъуразул агьлуялда ва гьез Барнаба Антиохиялде витІана. 23 Гьениве щвараб мехалъ Барнабада бихьана гьеб агьлуялда Аллагьасул баркат лъун букІин ва гьелдаса вохана. Гьес киназдаго гьарана ракІ-ракІалъго ТІадегІанав ГІисаде иман лъун къвакІун чІайилан. 24 Живго гьев Барнабаги вукІана Илагьияб РухІалъулги иманалъулги вугІун цІурав цІакъ лъикІав чи. Гьебмехалъги цІакъго гІемерал гІадамаз ТІадегІанав ГІисаде иман лъуна. 25 Цинги Барнаба ана Шаул валагьизе Тарсалде. 26 Гьенив ватун, Шаулги вачун, Антиохиялде тІадвуссана Барнаба. ТІубараб лъагІел рехана кІиясго гьениб. Гьеб лъагІелалъго иман лъуразул агьлу данделъарал бакІазде ун Барнабацаги Шаулицаги гІемераб халкъалъе вагІза-насихІат гьабуна. Гьениб Антиохиялда тІоцебе байбихьана муридазда христианалилан абизе. 27 Доб заманаялда Иерусалималдаса Антиохиялде рачІана кашпу-карамалъи бугел гІадамал. 28 Агаб абун цІар бугев цо гьединав чияс, цеве вахъун, Илагьияб РухІалдалъун лъазабуна тІолабго ракьалда кутакаб ракъи букІине бугилан. (ХІакъикъаталдаги гьеб ракъи букІана Клавдий къайсарлъун вугеб заманаялда.) 29 Гьебмехалъ муридаз хІукму гьабуна бугес бугелда рекъараб садакъа-напакъа Ягьудиялда ругел жидерго диналъул вацазе битІизе. 30 Гьедин бакІарараб садакъа-напакъаги босун, гьез Барнабаги Шаулги ритІана Ягьудиялъул иман лъуразул бутІрузухъе гьеб щвезабизе.

12

1 Гьеб заманаялда Гьерод ханас иман лъуразул агьлуялъул цо-цо гІадамал жанир тІамуна, гьел тІагІинаризе бокьун. 2 Хвалчаца бетІер къотІун чІвана гьес Иоаннил вац Якъуб. 3 Ягьудиязе гьеб рекІее гІураблъи бихьун, Пётрги тІамуна гьес туснахъалъув. (Гьел рукІана РеччичІел Панкъазул Байрамалъул къоял.) 4 Ккун вачун туснахъалъув тІамизавуна Гьеродица Пётр ва гьев цІунизе анцІила анлъго рагъухъанги тана хъаравуллъуда. Гьесда ракІалда букІана Пасхаялъул байрамалдаса хадуб халкъалда цеве вачун Пётрие суд гьабизе. 5 Гьале Пётр туснахъалъув вуго. Иман лъуразул тІолабго агьлуялъ тІадчІун Аллагьасде гьари-дугІа гьабуна гьесда гурхІаян. 6 Гьеродица метер халкъалда цеве вачинехъин вугеб сордоялъ кІиго рагъухъанасдехун рахсаца вухьун вугев Пётр кьижун вукІана. ХутІарал хъаравулзаби туснахъалъул нуцІихъ чІун рукІана. 7 Гьале вачІун гьесда цеве чІарав Бичасул малаикасул нуралъ туснахърукъ къалъ-къалъизабуна. Хьолболъ квер тункун макьидасаги вигьинавун: «Хехго тІаде вахъа!» – ян абуна малаикас Пётрида. Гьесул кверазда рукІарал маххул рахсал рортун ана гьебмехалъ. 8 Цинги малаикас гьесда абуна хьиталги парталги ретІеян. Гьес хьиталги парталги ретІана. Нахъеги абуна, мугъзаде гІабаги рехун, жинда хадув вачІаян. 9 Пётр гьесда хадув къватІиве лъугьана. Амма гьесда ракІалде кколеб букІана гьев малаикас гьабулеб бугебщинаб жо жинда цебетІамулеб бугилан. 10 Цо хъаравулзабазда, цинги цоги хъаравулзабазда цересан ун, туснахъалъусан шагьаралде бугеб маххул кавудухъе щвана гьел. Каву жибго рагьун ана. Гьениса къватІире лъугьун ун цо къватІ лъугІулеб бакІалде щведал, малаик цевеса тІагІана. 11 Гьебмехалъ гІакълуялде вачІун живго жиндаго гаргадизе лъугьана Пётр: «ХІакъикъаталдаги БетІергьанас дихъе малаик витІун вачІана дун Гьеродил квердасаги ва ягьудиязул тІолабго халкъалъе бихьизе бокьун букІарабщиналдасаги хвасар гьавизе». 12 Цинги гьеб ккара-таралъул магІна бичІчІарав Пётр ана Маркилан тІокІцІар бугев Иоаннил эбел Марямил бакІалде. Гьенибе какде гІемераб халкъ бакІарун букІана гьеб сордоялъ. 13 Пётрица каву бухидал, Рода абун цІар бугей цо гъараваш ячІана гьеб лъица бухулеб бугебали хал гьабизе. 14 Пётрил гьаракь батІа бахъизе лъайдал, гІемерго йохиялъ каву ричІизе рекІеда ятичІого, гьей жание екерун ана ва Пётр вугин кавудул кІалтІайилан бицана гьезда. 15 Дур бетІер сверун бугилан абуна гьез. Жинца гьереси бицунеб гьечІилан чІана гьей. Пётрил рухІ батилин гьебилан абуна гьез. 16 Пётрица жеги-жеги бухулеб букІана каву. Каву рагьараб мехалъ, гьенив Пётр ватидал, хІикмалъун хутІана гьел. 17 РуцІцІун чІайилан гьезие квералъ ишанги гьабун, Пётрица бицана БетІергьанас жив туснахъалъуса къватІиве вачиналъул хІакъалъулъ. Цинги гьес абуна Якъубидаги цогидал вацаздаги бицейин гьеб кинабго. Гьениса къватІиве вахъун, цоги бакІалде ана Пётр. 18 Радал, Пётр киведай тІагІанаян, кутакалда рихха-хочун лъугьана хъаравуллъуда рукІарал дол рагъухъаби. 19 Пётр валагьеян амру гьабуна Гьеродица, амма кинго кодове щвечІо гьев. Дол хъаравулзабиги ахІун, кин-щиб ккарабилан цІехана Гьеродица, цинги гьел чІвазе буюрухъ кьуна. Гьелдаса хадув Ягьудиялдаса Къайсарияталде ун, гьенив чІана Гьерод. 20 Гьесул цІакъ ццин бахъун букІана Тиралъул ва Сидоналъул гІадамазда. Гьебмехалъ цоцазда дандги бан гьез Гьеродихъе жидерго вакилзаби ритІана. Гьезул ракьалде квана-гьекъолеб жо Гьеродил улкаялдаса бачІунеб букІана. Гьединлъидал, гьесул кІалгІаялъув рагьтІателлъун вукІарав Бластилгун гьоркьоблъиги гьабун, Гьеродидасан рекъел гьарана гьез. 21 Гьелгун дандчІвазе къотІи гьабураб къоялъ, чІухІараб ретІелги ретІун, тахиде вахун гІодов чІана Гьерод ва, халкъги гІенеккун, гьездехун хитІаб гьабун кІалъана. 22 Гьебмехалъ халкъалъ ахІулеб букІана, гІадан-инсан гурин, живго аллагь вугин жидеда кІалъалев абун. 23 Амма гьес Аллагьасе рецц гьабичІелъул, гьебсагІат вачІун Бичасул малаикас жаза гьабуна Гьеродие, черхалда борохь бан хвана гьев. 24 Гьедин цІубана ва тІибитІана БетІергьанасул рагІи. 25 Барнабаги Шаулги, жидеда тІадкъараб ишги тІубазабун, Иерусалималдаса Антиохиялде тІадруссана. Маркилан тІокІцІар бугев Иоаннги вачана гьез жидедаго цадахъ.

13

1 Антиохиялда бугеб иман лъуразул агьлуялда гьоркьор рукІана кашпу-карамалъи бугел гІадамал ва насихІатчагІи: Барнаба, Нигер абун тІокІцІар бугев Симеон, Киренаялдаса Лукий, Гьерод ханасда цадахъ гІурав Манаэн ва Шаул. 2 ТІадегІанасе тІагІаталъе данделъун ругеб мехалъ, Илагьияб РухІалъ гьезда абуна: «Барнабаги Шаулги дица цо ишалъе ахІулел руго. Нужеца гьел дихъе кьезе ккела», – ян. 3 КІалги биччан, дугІаги гьабун, доз Барнабадаги Шаулидаги тІад квер лъуна ва нахъе ритІана. 4 Илагьияб РухІалъ ритІун гьел Селевкиялде щвана ва гьенисан, гамидаги рекІун, Кипралде ана. 5 Саламиналде щведал, гьениб жугьутІазул синагогабазда Аллагьасул рагІи тІибитІизабизе лъугьана гьел. Гьезие кумекалъе цадахъ Иоаннги вукІана. 6 Кипр чІинкІиллъи къотІун ун Пафосалде щвана. Гьенив ватана БариешуагІ абулев цо жугьутІав. Гьев вукІана сихІручи ва гьересиавараг. 7 Сергий Павел абулев цІодорав-гІакъилав цо наибасул цевесев чиги вугоан гьев. Аллагьасул рагІиялъухъ гІенеккизе бокьун бугилан Сергий Павелица Барнабаги Шаулги жиндихъего ахІана. 8 Амма СахІир-Элимаца (греказ гьедин абулаан БариешуагІида) хІаракат бахъулеб букІана гьев наибас иман лъезе биччаларилан. 9 Илагьияб РухІалъ цІурав Шаулица (гьесул цогидаб цІар Павел букІана) гьебмехалъ гьесда бадибе абуна: 10 – Ле, хІилла-рекІкІалъулги ва квешабщиналъулги вугІун цІурав илбисалъул вас, ритІухъабщиналъул тушман! БетІергьанасул битІараб нух гьетІа-кІичІизабичІого чІезе кІоларищ дуда? 11 Гьале БетІергьанас дуде квер гьесулеб буго. ГьабсагІат мун бецлъила, дагьабго заманаялъ бакъул канлъиялдаса махІрумлъила! Гьеб параялда дуниял бецІлъана гьесие, тІуванго бецлъана гьев. Квер ккун живго вачине чи валагьизе лъугьана. 12 Гьеб кинабго бихьарав наибасул рекІелъе иман тІинкІана. Гьев хІикмалъизавуна ТІадегІанав ГІисал хІакъалъулъ хабаралъ. 13 Павелги гьесда цадахъ рукІаралги Пафосалдаса гамида рекІун ун, Памфилиялъул Перга абулеб шагьаралде щвана. Гьездаса ватІалъун Иерусалималде тІадвуссана Иоанн. 14 Пергаялдаса рахъун ун гьел Писидиялъул Антиохиялде щвана, шамат къоялъ синагогаялъуре лъугьун, гьенир гІодор чІана. 15 Мусал Тавраталдасаги Аварагзабазул ТІухьдуздасаги калимаби цІалун рахъараб мехалъ, гьеб синагогаялъул бутІруз гьезухъе ритІарал чагІаз гьезда абуна: – Я, вацал, гьаб халкъалъе вагІза-насихІат гьабизе бокьун батани, ниж нужехъ гІенеккила, – ян. 16 ТІаде вахъун, кверги борхун, Павелица гьадин абуна: – Я, вацал жугьутІал ва цогидалги Аллагьасукьа хІинкъулел гІадамал, гІенекке нуж дихъ! 17 Гьаб Исраилил халкъалъул Аллагьас нилъер умумул тІаса рищана, апарагзабилъун Мисриялда рукІараб заманаялда Гьес нилъер халкъ кІодо гьабуна ва жиндирго кІудияб къудраталдалъун доб чияр ракьалдаса къватІире рачана. 18 КІикъого соналъ гІицІаб авлахъалда рукІараб мехалъ, чанцІулго къосаниги, Аллагьас гьел рехун течІо. 19 - 20 КангІаналъул ракьалда анкьго халкъги паналъизабун, гьеб ракь Исраилил халкъалъе ункънусиялда кІикъоялда анцІго сонгІанасеб заманаялъ ирсалъе кьуна Аллагьас. Цинги Шамуил авараг витІизегІан Аллагьас гьезие къадизаби кьуна. 21 Хадуб гьез парччахІ кьейилан гьаридал, Аллагьас гьезухъе витІана Буняминил наслуялъул Кишил вас Шаул. КІикъого соналъ гьес парччахІлъи гьабуна гьезие. 22 Цинги, гьевги тІаса рехун, Давуд авараг гьезие парччахІлъун гьавуна. Гьесул хІакъалъулъин Аллагьас гьадин абураб: «Дица Йессейил вас Давуд тІаса вищана. Гьев Дие рекІее гІуна. Дие бокьарабщинаб гьабизе буго гьес». 23 Давудил наслуялдаса витІилин абун рагІи кьун букІарав ГІисаги витІун вачІана Гьес Исраилил халкъ хвасар гьабизе. 24 Гьев ГІиса вачІиналде ЯхІя аварагас тІолабго Исраилил халкъалда лъазабуна кантІун Аллагьасде руссине лъадалъ ччун рахъаян. 25 Жиндирго гьеб нухлул ахиралде щолев вугеб мехалъ, ЯхІяца абуна: «Нужеца дун щивлъун рикІкІунев вугев? Дун Дов гуро. Дидаса хадув вачІине вуго жиндир хьитил рухьен бичизецин дун мустахІикъав гьечІев чи». 26 Я, дир вацал – Ибрагьимил наслуялъул лъимал ва цогидалги Аллагьасукьа хІинкъулел гІадамал! Нилъеейин Аллагьас битІараб нилъ хвасар гьарулеб гьеб рагІи. 27 Амма Иерусалималъул гІадамазда ва гьезул хІакимзабазда гьев лъачІелъул ва щибаб шамат къоялъ цІалулел Аварагзабазул ТІухьдузда хъван букІарабги бичІчІичІелъул, гьез гьесие тамихІ гьабуна ва цебеккунго дол Илагьиял ТІухьдузда хъван букІарабги ритІухълъана. 28 ЧІвазе гІураб гІайиб-хатІа тІадчІезабизе кІвечІониги, гьез Пилатида гьарана ГІиса чІвазе къотІеян. 29 ГІисал хІакъалъулъ Илагьиял ТІухьдузда цебеккунго хъван букІарабщинаб гьел гІадамаз гьабун хадуб, гъотІодасаги вахъун, хабалъ вукъана гьев. 30 Амма Аллагьас гьев хваралъуса вахъинавуна. 31 Гьелдаса хадув гІезегІан къояз вачІана гьев Галилеялдаса Иерусалималде щвезегІан жиндаго цадахъ рукІарал дол гІадамазухъе. Гьанже гьел гІадамал руго халкъалда цере гьесул нугІзаллъун. 32 Нижецайин абуни нужеда Рохалил хабар бицунеб буго, Аллагьас нилъер умумузе гьабун букІараб къотІи гьес нилъее – 33 гьезул лъималазе – тІубазабун, ГІиса хваралъуса вахъинавунилан. Гьадин хъван буго Забуралъул кІиабилеб туркиялда: «Мун Дир вас вуго. Жакъа Дун дур Эменлъун лъугьана». 34 Ракьулъ турун тІагІунгутІизе ГІиса жинца хваралъуса вахъинавиялъул хІакъалъулъ Аллагьас гьадин абун букІана: «Аллагьас Давудида лъураб баркат – лъиданиги кодоса бахъизе кІолареб Илагьияб баркат – лъела Дица дуда». 35 Гьелъулго хІакъалъулъ цоги туркиялда руго Давудица абурал гьадинал рагІаби: «Дурго ракІбацІцІадав лагъ ракьул гвандинив туризавиларо Дуца». 36 Жиндирго халкъалда гьоркьоб Аллагьасул амруги тІубазабун, Давуд къадаралде щвана, жиндирго умумузда хадув ана ва гьесул черхги ракьулъ турана. 37 Амма Аллагьас хваралъуса вахъинавурасул черх ракьулъ туричІо. 38 - 39 Гьединлъидал, дир вацал, нужеда лъан букІа ГІиса сабаблъун нужер мунагьал чуранилан лъазабулеблъи. Мусал къануналда рекъон Аллагьасда цере ритІухълъизе кІвечІебщиналъулъ ГІисадалъун ритІухълъила гьесде иман лъуравщинав чи. 40 Гьединлъидал, воре, нуж цІодорго рукІа, аварагзабазул гьадинаб калимаялда бугеб иш лъугьине гурин нужеего: 41 «Ле, иман инжит гьабун гаргадулел гІадамал, нуж ралагье, хІикмалъе ва паналъе, нужер заманаялда Дица гьабизе бугелъулха бицунилан кинго нуж божизе гьечІеб иш». 42 Барнабаги Павелги синагогаялъуса къватІире рахъунаго, гІадамаз гьезда гьарана хадусеб шамат къоялъги жидее гьединаб вагІза гьабизе рачІаян. 43 Гьеб данделъи биххун хадур гІемерисел жугьутІал ва Аллагьасе гІибадат гьабулел цогидал халкъазул гІадамал Павелидаги Барнабадаги хадур ана. Гьев кІиясгойин абуни гьезда малъулеб букІана Аллагьас гьезие кьураб баркатгун рукІайилан. 44 Нахъисеб шамат къоялъ тІолабгоялде гІунтІун шагьаралъул халкъ бачІана Аллагьасул рагІухъ гІенеккизе. 45 Халкъалъул гьел руккелал рихьидал, жугьутІазул жахІда ккана: Павелил хабар гьереси гьабун, гьев какун гаргадизе лъугьана. 46 Амма Павелицаги Барнабацаги хІинкъичІого абуна гьезда: – Нужедайин бищунго цебе лъазабизе кколеб букІараб Аллагьасул рагІи. Амма нужеца гьеб нахъе тункулеб бугелъул ва абадияб гІумру насиблъизе мустахІикъал гьечІеллъун нужецаго нужго рикІкІунелги ругелъул, гьале ниж цогидал халкъазде руссун руго! 47 Гьадинаб калимаялдалъун БетІергьанасги амру гьабулеб бугелъул нижее: «Киналго халкъазе чирахълъун гьавуна Дица Мун, дуниялалъул рагІалдеги дуца хвасарлъи щвезабизе». 48 Гьеб рагІидал, цогидал халкъазул гІадамал цІакъ рохана, Аллагьасул рагІуе рецц гьабизе лъугьана. Абадияб гІумру насиблъизе тІаса рищун рукІаралщиназ иман лъуна. 49 Гьеб рахъалдаги тІибитІана Аллагьасул рагІи. 50 Амма Аллагьасе гІибадат гьабулел ва къадру-къимат бугел руччабиги шагьаралъул хІакимзабиги Павелидаги Барнабадаги данде гьусун тІамуна жугьутІаз. Гьез гьев кІиявго шагьаралдаса къватІиве гъуна. 51 Жидерго хІатІазда букІараб хІурги гьел гІадамазде кІутІун, Павелги Барнабаги Икониялде ана. 52 Киналго муридалин абуни, Илагьияб РухІалъул цІун, роха-хинлъун рукІунаан.

14

1 Икониялдаги гьез, жугьутІазул синагогаялъуре лъугьун, вагІза гьабуна, ва гІемерисел жугьутІалги цогидал халкъазул гІадамалги божана гьезда. 2 Амма гьезда божичІел жугьутІаз, иман лъуразда данде гьусун тІамун, цогидал халкъазул гІадамазул рекІелъ гьездехун ццин багъаризабулеб букІана. 3 Павелицаги Барнабацаги гІезегІан заман бана гьениб. Гьез хІинкъичІого бицунеб букІана ТІадегІанав ГІисал хІакъалъулъ. Гьесул баркатаб рагІуда божизе гьезул квердалъун лъугьунел рукІана хІикматал ишалги мугІжизаталги. 4 Шагьаралъул халкъ кІийиде бикьана гьебмехалъ: цоял жугьутІазул рахъалда рукІана, цогидал чапарзабазул рахъалда рукІана. 5 Жидерго церехъаби-бутІрулгун цадахъ лъугьун, цогидал халкъазул гІадамазги жугьутІазги хІаракат бахъулеб букІана Павелги Барнабаги инжит-хІакъир гьаризе, цинги ганчІал речІчІун чІвазе. 6 Гьеб хабар лъарабго, гьел гьениса Ликаониялде лъутун ана. Гьел рукІана Листра ва Дербия шагьараздаги гьезда сверухъ ругел бакІаздаги. 7 Гьенибги бицунеб букІана гьез Рохалил хабар. 8 Листраялда вукІана эбелалъ гьавуралдаса нахъего палижалъ ккурав, гІумруялъ жиндирго бохдузда вахъун чІун вилълъанхъичІев цо чи. 9 Павелихъ гІенеккун вукІана гьев. ЛъикІго гьесухъ валагьидал, Павелида бичІчІана живго сахлъизе вукІиналда ракІ-ракІалъго божарав чи гьев вугевлъи. 10 – ВитІун дурго бохдузда вахъун чІа! – ян ахІана гьесде Павелица. ГьебсагІат кІанцІун тІаде вахъун, вилълъанхъизе лъугьана гьев. 11 Павелица гьабураб иш бихьидал, гьенир рукІарал гІадамал ликаоназул мацІалда ахІдезе лъугьана инсанасул сураталда аллагьзаби рещтІун ругин жидехъеян. 12 Барнабада гьез Зевсилан цІар лъуна. ВагІза-насихІат гьабун цІикІкІун кІалъалев вукІиндал, Павелида цІар Гермесилан лъуна. 13 Шагьаралъул каву бахун къватІибехун букІараб Зевсил сураталъе хъулухъалъе тарав цо динияв чи, оцалги цере къотІун, тІугьдузул горалги росун, гІемераб халкъги цадахъ бачун, гьав кІиясулго хІурматалда къурбан хъвезе кавудухъе вачІана. 14 Гьелъул хабар рагІидал кІиявго чапар – Барнабаги Павелги, – тІад бугеб ретІелги тІутІун бан, гьеб халкъалда аскІоре рекерун, ахІдезе лъугьана: 15 – Ле, гІадамал! Нужеца гьабулеб щиб? Нужго гІадинал гІадамал руго нижги. Ниж нужехъе рачІун руго Рохалил хабарги босун. Гьеб нужер расги пайда гьечІеб динги рехун тун, зобал-ракьал рижарав, ралъадал рижарав ва гьенир ругелщиналги рижарав хІакъав Аллагьасде руссайилан абизе рачІун руго. 16 Цересел наслабазул халкъал Аллагьас тун рукІана жидеего бокьараб нухдасан ине. 17 Амма жиндирго лъикІлъабаздалъун Гьес живго вугевлъи бихьизабичІого течІо. Гьес зобалаздасан цІад базабулаан, ах-хуралъул нигІматал рижизарулаан. Нужее квен-тІех кьолаан, нужер ракІал рохизарулаан. 18 Гьединаб хабар бицун хІалицаго кІвана Павелидаги Барнабадаги жидер хІурматалда къурбан хъвеялдаса гьел руссинаризе. 19 Амма гьениреги рачІун Антиохиялдаса ва Икониялдаса жугьутІаз Листраялъул гІадамал жидерго рахъалде руссинаруна. Павелида гьез ганчІал речІчІана, хун вугиланги тун, вехъерхъун шагьаралдаса къватІиве рехана. 20 Амма муридал рачІун аскІор чІедал, тІаде вахъун, шагьаралде ана Павел. Нахъисеб къоялъ Барнабаги вачун гьев Дербиялде ана. 21 Гьеб шагьаралдаги Рохалил хабар бицана гьез ва гІемерав чияс гьезде иман лъуна. Цинги гьел тІадруссун Листраялде, Икониялде ва Антиохиялде ана, 22 муридазул ракІал къвакІизарулаго, гьезул иман щулалъизабулаго. Чапарзабаз абулеб букІана: – ГІемераб гІазаб-гІакъуба хІехьон гурони нилъ Аллагьасул ПарччахІлъиялде лъугьинаро, – ян. 23 Иман лъуразул щибаб агьлуялъе диниял бутІрулги тІамун тун, какал ран, кІалал ккун, нахъе унеб мехалъ гьез муридал толаан жидеца иман лъурав ТІадегІанасул цІобалда божун. 24 Писидиялдасан ун гьел Памфилиялде щвана. 25 - 26 Пергаялъул халкъалда Рохалил хабарги бицун, цинги гьел Атталиялде ана. Гьенисаги, гамидаги рекІун, Антиохиялде тІадруссана. Гьеб букІана гьанже гьез тІубазабураб ишалда тІоцебе Аллагьасул цІоб лъураб бакІ. 27 Гьенире щвараб мехалъ, иман лъуразул агьлуги бакІарун, гьаз бицана Аллагьас жидеда бихьизабунщиналъул хІакъалъулъ, бицана цогидал халкъазеги Аллагьас диналъул нуцІби рагьанилан. 28 Цинги гІемераб мехалъ Павелги Барнабаги гьел муридазда аскІор гьенир чІана.

15

1 Ягьудиялдаса цо киналалиго гІадамал рачІун гьез вацазда абуна, Мусал къануналда рекъон сунат гьабичІони, нуж хвасарлъуларилан. 2 Павелги Барнабаги гьезда тІадрекъолел рукІинчІо. КІудияб дагІба-къец ккана гьезда гьоркьоб. Гьединлъидал Павелги, Барнабаги ва цо чанго чиги ритІана Иерусалималда ругел чапарзабазухъеги диниял бутІрузухъеги гьеб суал тІубазабизе. 3 Гьедин иман лъуразул агьлуялъ ритІун, Финикиялдасан ва Самариялдасан унаго, гьенир ругел вацазда гьез мухІканго бицана цогидал халкъазул гІадамазги иман лъунилан. Кутакалда рохана гьел гьеб хабаралдаса. 4 Иерусалималде щвараб мехалъ иман лъуразул агьлуялъги, гьенир рукІарал чапарзабазги ва диниял бутІрузги рохун къабул гьаруна Павелги Барнабаги. Аллагьасул хІалкІолъиялдалъун жидер гьениб ккарабщиналъулги бицана гьазда. 5 Фарисеязул мазгьабалда ругел цо-цо иман лъураз, тІаде рахъун, абуна: – Цогидал халкъаздаги нилъеца лъазабизе ккола Мусал къанунги цІунейин, сунатги гьабейилан. 6 Чапарзабиги диниял бутІрулги данделъана гьеб суал гьоркьоб лъезе. 7 ЛъикІаланго заманаялъ дагІба-къецалда рукІана гьел. Цинги, тІаде вахъун, Пётрица абуна: – ГІенекке, вацал! Нужеда гьоркьоса тІаса вищун, дол тІоцересел къояздаго дун витІана Аллагьас цогидал халкъазухъе гьезда Рохалил хабар бицине ва гьел иманалде ахІизе. Гьеб нужеда лъала. 8 Щивав чиясул рекІелъ бугебги лъалев Аллагьас, нилъее гІадин, цогидал халкъазеги Илагьияб РухІ сайигъат гьабуна, жинца гьел къабул гьарунилан. 9 Гьезулги ракІал рацІцІалъизарун, цогидал халкъаздаги нилъедаги гьоркьоб щибго батІалъи гьабичІо Аллагьас. 10 Я нилъер умумузда, я нилъеда хІехьезе кІвечІеб рукь муридазул гарбидеги ккезабун, щай нужеца Аллагьасул сабруялъул хІалбихьулеб бугеб? 11 Амма нилъ божула ТІадегІанав ГІисал цІобалдалъун нилъ хвасарлъизе рукІиналда, гьединго гьелги хвасарлъизе рукІиналда. 12 Гьебмехалъ киналго руцІцІун чІана. Цинги гьел гІенеккана Аллагьасул хІалкІолъиялдалъун жидеца цогидал халкъазда рихьизарурал хІикматал ишазулги мугІжизатазулги хІакъалъулъ Павелицаги Барнабацаги бицараб хабаралъухъ. 13 Гьезул хабар лъугІараб мехалъ, Якъубица байбихьана кІалъазе. Гьес абуна: – Нуж дихъ гІенекке, вацал! 14 Симоница гьабсагІат нилъеда бицана, гьезда гьоркьоса тІаса рищарал гІадамалги жиндирго халкълъун лъугьине бокьун, Аллагьас тІоцебесеб нухалъ цогидал халкъазул тІалаб-агъаз гьабунилан. 15 Гьеб данде кколеб буго аварагзабазул гьадинаб калимаялда: 16 «Гьелдаса хадув Дун тІадвуссина ва биххун букІараб Давудил рукъ къачІала, гьелъул чІваднал лъугІизарила, гьеб цІидасан бала. 17 Цинги цогидал киналго гІадамал, хІатта Дица дирго халкълъун рикІкІине ругел цогидал халкъазул гІадамалги, Диде руссина». 18 Гьедин абулеб буго БетІергьанас, гьесдасан гІадамазда цебеккунго лъалеб букІарабщинаб гьабула гьес. 19 Гьединлъидал дида ракІалде ккола Аллагьасде руссунел ругел цогидал халкъазул гІадамазе нилъеца квалквал гьабизе бегьиларилан. 20 Гьанже нилъеца гьезухъе хъван кагъат битІизе ккола гьересиаллагьзабазе къурбан гьабураб квенги кунгеян, хъахІбалъиги гьабугеян, гъанкъун хвезабураб хІайваналъул гьанги, гьединго биги хІарамаб бугилан. 21 Мусал къанунин абуни, цебе заманаялдаса нахъего халкъалда бичІчІизабула щибаб шагьаралда щибаб шамат къоялъ синагогабазда цІалун. 22 Цинги чапарзабазги диниял бутІрузги, тІолабго иман лъуразул агьлуги разилъун, хІукму гьабуна Павелидаги Барнабадаги цадахъ Антиохиялде, жидедаго гьоркьоса вищун, кІиго чи витІизе. Гьез тІаса рищана жидедаго гьоркьор хІакимзабилъун рукІарал Барсаббайин абулев Ягьудаги Силаги. 23 Гьезухъе кьун, гьадинаб кагъатги битІана: «Нужер вацазул – чапарзабазул ва диниял бутІрузул – рахъалдасан салам буго Антиохиялда, Сириялда ва Киликиялда ругел диналъул вацазде – цогидал халкъаздасан лъугьарал вацазде. 24 Нижеда рагІана нижер тІадкъай гьечІониги цо-цо гІадамаз нужер рахІат хвезабулеб бугилан, нуж къосинарулел ругилан. 25 Гьединлъидал нижеца, киналго разилъун, хІукму гьабуна нижее хириял Барнабадаги Павелидаги цадахъ тІаса рищун нужехъе вакилзаби ритІизе. 26 Барнабаги Павелги руго ТІадегІанав МасихІ ГІисал цІаралъе гІоло гІумру кьурал гІадамал. 27 Гьединго ритІулел руго Ягьудаги Силаги. Гьезги кІалалъ бицина нужеда гьаб нижер кагътил мурад. 28 Илагьияб РухІалдаги нижедаги лъикІаблъун бихьун буго – паризаяб тун нахъияб жо нужеда баччизабиларилан. 29 Нужеца кунге гьересиаллагьзабазе къурбан гьабураб квен, биги гьекъоге, гъанкъун хвезабураб хІайваналъул гьанги кунге, хъахІбалъиги гьабуге. Гьелдаса цІунун чІани, – гьеб буго лъикІаб иш. Вассалам». 30 Гьеб данделъи биххун хадур гьел ункъалго Антиохиялде ана. Доре щведал, киналго данде ракІарун, кагъат гьезухъе кьуна. 31 Гьеб кагъат цІалидал, муридал рохана гьединаб насихІаталдаса. 32 Ягьудацаги Силацаги (гьел кІиялгоги рукІана кашпу-карамалъи бугел гІадамал) гІемераб жо малъана гьезда. Гьелдалъун вацазул рекІелъ иман щулалъиялъе квербакъиги лъугьана. 33 Цо заманаялдасан кІудияб хІурмат-адабгун Ягьудаги Силаги тІоритІизе рахъана вацал, ва жалго гьенире ритІарал вацазухъе тІадруссана гьел кІиялго. 34 - 35 Павелги Барнабаги Антиохиялда чІана, гІемерал цогидал муридазда цадахъ ТІадегІанав ГІисал рагІи тІибитІизабулеб букІана гьез. 36 Цо чанго къоялдасан Павелица Барнабада абуна: – РачІа нилъ тІадруссун рилълъинин ва, ТІадегІанав ГІисал рагІи нилъеца тІибитІизабураб щибаб шагьаралде щун, вацал кин ругелали хал гьабилин. 37 Барнабае бокьана Маркилан тІокІцІар бугев Иоаннги цадахъ вачине. 38 Амма Павелида ракІалде ккана доба, Памфилиялда, гьелги рехун тун нахъе арав, гьезул ишалъе гьелдаса хадуб кумекги гьабичІев чи цадахъ вачун лъикІ гурилан. 39 Гьеб сабаблъун кІиясдаго гьоркьоб кьал ккана. Гьедин Павелги Барнабаги цоцаздаса ратІалъана. Маркги вачун, гамидаги рекІун, Барнаба Кипралде ана. 40 БетІергьанасул цІобалъ рехун тогегиян дугІаги гьабун, Павелги тІовитІана вацаз. Силаги вачун, 41 гьев Сириялдасан ва Киликиялдасан ана, иман лъуразул агьлуги щулалъизабулаго.

16

1 Гьелдаса хадув Павел щвана Дербиялде ва Листраялде. Тимофей абун цо мурид вукІана Листраялда. Гьев вукІана иман лъурай жугьутІалъул вас, гьесул эмен вукІана грекав. 2 Листраялда ва Икониялда ругел вацаз веццана гьасие Тимофей. 3 Павелие бокьана гьев цадахъ вачине. Гьединлъидал гьеб рахъалда ругел жугьутІазул тІадкІалъай букІунгутІизе Тимофейие сунат гьабуна. Гьезда киназдаго лъалеб букІиндалха гьасул эмен грекав вукІин. 4 Гьедин цо шагьаралдаса цоги шагьаралде ун, гьез диналъул вацазда бицунеб букІана Иерусалималда чапарзабазги диниял бутІрузги гьабураб хІукмуялъул хІакъалъулъ. Гьарулеб букІана гьеб тІубазабеян. 5 Къоялдаса къоялде иман лъуразул агьлуялъул иман щулалъулеб букІана, муъминзаби гІемерлъулел рукІана. 6 Рохалил хабар босун Асиялде ине Илагьияб РухІалъ гьезие изну кьечІелъул, Павелги гьесда цадахъ рукІаралги ана Фригиялдасан ва Галатиялдасан. 7 Амма Мисиялда дандбитІун бугеб бакІалде щун Битиниялде ине къасд гьабидал, ГІисал РухІалъ гьениреги риччачІо гьал. 8 Гьедин Мисияги къотІун ун Троадаялде щвана. 9 Гьеб сордоялъ цебетІами лъугьун тІаде вачІун Македониялдаса цо чияс Павелида гьарана ралъад къотІун жидехъе Македониялде вачІайилан ва жидее кумек гьабейилан. 10 Павелие гьеб цебетІами лъугьун хадуб Македониялде ине гІедегІана ниж. Нижеда бичІчІидалха Рохалил хабар бицине Аллагьас ниж гьенире ахІулел ругеблъи. 11 Троадаялдаса гамида рекІун ниж Самофракия чІинкІиллъиялде ана. Нахъисеб къоялъ Неаполалде ана. 12 Гьенисаги ана Филиппиялде. Гьеб батана Македониялъул гьеб рахъалда бугеб кІудияб шагьар, Рималъул кверщаликь бугеб вилаят. Гьениб нижеца чанго къо бана. 13 Шамат къоялъ ниж ана шагьаралдаса къватІибехун бугеб гІурул рагІалде, жугьутІаз какал ралеб бакІ гьениб бугилан ккун. Гьенире рачІарал руччабазда аскІор гІодор чІун, гьелгун гара-чІварулел рукІана ниж. 14 Тиатира шагьаралдаса Лидия абулей цо гІаданги йикІана нижехъ гІенеккун. ЦІакъго хирияб багІараб ххам бичун бетІербахъарай ва Аллагьасе гІибадатги гьабулей гІадан йикІана гьей. ТІадегІанас гьелъул ракІ гьесизабуна Павелил рагІи гІадахъ босизе. 15 Гьелдаса хадур гьейги гьелъул рукъалъул агьлуги лъадалъ ччун рахъидал, гьей гьардезе лъугьана: – ХІакълъунго дун ТІадегІанасда божулей йикІиналда нужер ракІчІей батани, дихъе гьоболлъухъ рилълъа, – ян. Жиндаго цадахъ рилълъине разилъизаруна гьелъ ниж. 16 Цо къоялъ какал ралеб бакІалде унаго, цо гІолохъанай гъараваш данде ккана. Гьей йигоан карамалъи бугей гІадан, букІине-ккезе бугебщинаб цебеккунго бицунеб жен букІана гьелъул чорхолъ. Гьедин пал тІамун гьелъ гІемераб гІарац бакІарулаан жиндирго бетІергьабазе. 17 Павелидаги нижедаги хадуй ячІунаго, чІчІичІчІидана гьей: – Гьал руго ТІадегІанав Аллагьасе гІибадат гьабулел гІадамал. Гьез нилъеда бихьизабулеб буго нилъ хвасарлъулеб нух! 18 Гьелдаса хадубги чанго къоялъ гьединго данде ячІун чІчІичІчІидулаан гьей. Ахирги гьелдехун вуссун ццин бахъун, Павелица гьадин абуна гьей гІаданалъулъ бугеб хъубаб женалда: – МасихІ ГІисал цІаралдалъун дица дуе амру гьабулеб буго гьей гІаданалъул чорхолъа нахъе аян! Ва гьебсагІат нахъе ана гьеб. 19 Жидее щолеб букІараб хайиралдаса махІрумлъарал гьей гъаравашалъул бетІергьабаз, ккун рачун, Павелги Силаги базаркъотІноре хІакимзабазда аскІоре щвезаруна. Гьелги судиязухъе рачун: 20 – Гьал жугьутІал руго, – ян абуна гьез, – гьаз нилъер шагьаралда питна багъаризабулеб буго. 21 Нилъеца – Рималъул гІадамаз – къабул гьаризеги тІуразаризеги бегьуларел гІадатал тІиритІизарулел руго гьаз. 22 Халкъ цадахъго Павелидаги Силадаги тІаделъана. Къадияз амру гьабуна, тІаса ретІелги бахъун, хьопоца рухеян. 23 ЛъикІго хьопоцаги рухун, туснахъалъур тІамуна гьел. Туснахъалъул хІакимасдаги лъазабуна лъутиларедухъ хъаравуллъи чІезабеян. 24 Гьеб буюрухъ тІубазабун, гьес Павелги Силаги тІамуна туснахъалъул бищунго жанибегІан бугеб рокъор, гьазул бохдузда хІухьдулги рана. 25 Сордо бащалъулеб заманаялда Павелги Силаги дугІаби гьарулел ва Аллагь веццун туркаби ахІулел рукІана. Гьазухъ гІенеккун цогидал туснахъалги рукІана. 26 Тохлъукьего кутакалда ракь багъарана. КьучІдасанго гьаргьадизе лъугьана туснахъалъул къадал. ГьебсагІат киналго нуцІби рагьун ана, туснахъалъур ругезда ран рукІарал хІухьдул рортун ана. 27 Макьидаса вигьарав туснахъалъул хІакимасда рихьана киналго нуцІби рагь-рагьун ун. Туснахъал лъутун ун ратилилан ккун, бахъун хвалченгун живго жинцаго чІвазехъин вукІана гьев. 28 – Воре, дуца дуего жаза гьабуге, ниж киналго гьанир руго, – ян ахІана гьесде Павелица. 29 Кан босизе чиги витІун, туснахъалъул хІаким векерун жаниве ана ва сородилаго Павелидаги Силадаги цеве кІалагъоркье речІчІана. 30 Цинги гьес, гьелги къватІире рачун, гьикъана: – Я, бетІерчІахъадал! Хвасарлъизе ккани, щиб дица гьабизе кколеб? 31 – ТІадегІанав ГІисада божани, мунги дур рукъалъул агьлуги хвасарлъила, – ян абуна гьез. 32 Цинги гьесдаги гьесул рукъалъул агьлуялдаги Аллагьасдасан Рохалил хабар бицана. 33 Гьеб сордоялъ рокъоре рачун гьес Павелилги Силалги ругънал чурана. ГьебсагІат гьез гьевги гьесул рукъалъул агьлуги лъадалъ ччун рахъана. 34 ТІаде рачун гьес гьезие лъикІаб гьоболлъи гьабуна, Аллагьасде иман лъеялдаса кутакалда рохун рукІана гьевги гьесул рукъалъул агьлуги. 35 Нахъисеб къоялъ радал судияз туснахъчиясухъе жидерго нукарзаби ритІун рачІана дов кІиявго чи къватІиве виччаян лъазабизе. 36 Павелида аскІове вачІун туснахъчияс абуна: – Судияз чагІи ритІун рачІун руго нуж къватІире риччайилан лъазабизе. Гьанже нуж берцинго нахъе а гьаниса. 37 Павелица гьезда абуна: – Рималъул гражданал рукІиналъухъги балагьичІого, судалъ хІукмуги гьабичІого, халкъалда цере рачун рухана ниж, цинги туснахъалъур тІамуна. Гьанже балъгого гьаниса яризаризе къваригІун бугин ккола. Гьелда ниж рази гьечІо. РачІинеги рачІун гьез жидецаго рачеян абе ниж гьаниса къватІире! 38 Туснахъчиясухъе ритІун рукІарал нукарзабаз судиязда бицана гьадин абулеб бугин дозилан. Гьел хІинкъана Павелги Силаги Рималъул гражданал рукІин лъараб мехалъ. 39 ТІасалъугьинаризе рачІун, гьез гьав кІиявго туснахъалъуса къватІиве вачана ва шагьаралдаса нахъе айилан гьарана. 40 Гьелин абуни, туснахъалъуса къватІире риччаралго, Лидиял бакІалде ана. Цинги, вацалгун дандчІвараб мехалъ, гьезие насихІатги гьабун, сапаралде рахъана.

17

1 Амфиполалдасан ва Аполлониялдасан ун гьел щвана жугьутІазул синагогаги жаниб бугеб Фессалоникаялде. 2 Цогидал бакІаздаго гІадин, синагогаялъуве ун, Павелица лъабго шамат къоялъ тІатІала жугьутІазулгун гара-чІвари гьабуна Илагьиял ТІухьдузда хъван бугелъул хІакъалъулъ. 3 Гьес гьезда бичІчІизабуна ва бихьизабуна МасихІ хвезе кколев вукІаравлъиги хваралъуса вахъине кколев вукІаравлъиги. Гьес абуна: – МасихІ ккола дица нужее жиндир хІакъалъулъ бицунеб бугев ГІиса. 4 ЖугьутІазул гІемерисел, гьезда божун иманалде рачІун, Павелидеги Силадеги цолъана. Иман лъуразда гъорлъ цІикІкІунисел рукІана гьединго Аллагьасе гІибадат гьабулел грекалги, дагьал рукІинчІо къадру-къимат бугел руччабиги. 5 Гьезда жахІда ккарал жугьутІаз, базаркъотІноре ун квешалщинал гІадамал ракІарун, шагьаралда багъа-бачари лъугьинабуна. Ясонил бакІалде рачІун гьез тІалаб гьабулеб букІана Павелги Силаги жидехъе кьеян. 6 Гьенир гьел ратичІеб мехалъ, Ясонги гьенир рукІарал цо-цо вацалги шагьаралъул бутІрузухъе рехъерхъана. ГІадамаз ахІулеб букІана: – Гьел руго тІолабго дуниял бегуниса бахъарал чагІи! Гьале гьанже нилъер гьаниреги рачІун руго. 7 Гьав Ясоница гьел жиндихъего гьоболлъухъ рачун рукІана. Гьел киналго къайсарасул къануналда дандечІун руго. ГІисайилан цоги парччахІ вугилан абулеб буго гьез! 8 Гьеб хабаралъ халкъалъулги шагьаралъул бутІрузулги рахІат хвезабуна. 9 Гъоркьлъалие гІарацги лъезабун, нахъе риччана гьез Ясонги цогидал муридалги. 10 Павелги Силаги гьеб сордоялъго Бероялде ритІана вацаз. Гьенире щведал гьал ана жугьутІазул синагогаялъуре. 11 Фессалоникаялда ругездаса лъикІал ратана гьенир жугьутІал. МухІканго гІенеккана гьел гьазул рагІухъ. Гьазул хабар ритІухъаб бугищали лъазе щибаб къоялъ Илагьиял ТІухьдул цІализе лъугьана гьел. 12 Гьазда божана гІемерисел жугьутІал, иман лъуразда гъорлъ дагьал рукІинчІо къадру-къимат бугел греказул руччаби, гІезегІан рукІана бихьиналги. 13 Павелица Аллагьасул рагІи Бероялдаги тІибитІизабулеб бугилан рагІидал, Фессалоникаялдаса жугьутІаз, гьениреги рачІун, шагьаралъул халкъ гьезда данде гьусун тІамулеб букІана. 14 Гьеб параялъго вацаз гамида рекІине ралъдал рагІалде витІана Павел. Силаги Тимофейги гьенирго чІана. 15 Павел тІовитІизе ун рукІарал гІадамал, Афиниялде гьевги щвезавун, хехго жинда тІаде щвайилан Силахъеги Тимофейихъеги гьесул ругьелги босун, тІадруссун рачІана. 16 Силаги Тимофейги рачІинегІан Афиниялда чІун вукІарав Павелил цІакъ ракІ бакъвана гьеб шагьаралда гьересиаллагьзабазул гІемерал суратал рихьун. 17 Синагогаялъуве лъугьун гьес гара-чІвари гьабулаан жугьутІазулгун ва Аллагьасе гІибадат гьабулел греказулгун. Щибаб къоялъ базаркъотІнове ун, гьенир ратаразеги бицунаан Павелица хабар. 18 Гьенир Павелида ратана цо-цо философал – Эпикурил рахъ ккуралги стоикалги. Гьезул цояз абулеб букІана гьав чІандачиясе бицине бокьараб жогІаги щибдайилан. Цогидаз абулеб букІана чияр аллагьзабазул дин тІибитІизабулеб бугин гьесилан. Гьедин абиялъе гІиллалъунги ккана Павелица ГІисалги гьев хваралъуса вахъиналъулги бицунеб букІин. 19 Ареопаг абулеб мажлисалде вачун, Павелида гьез абуна: – Нижее лъазе бокьун буго кинаб гІелмуялъул дуца бицунеб бугебали. 20 ЦІакъ хІикматаб хабар рагІулеб буго нижер гІундузда, гьединлъидал гьелъул магІна лъазе бокьун буго. 21 (Афиниялъул халкъги къватІиса рачІарал апарагзабиги рукІунаан цІия-лъияб хабаралъул бицун накъиталда заман инабулел.) 22 Мажлисалда цевеги чІун, Павелица абуна: – Я, Афиниялъул гІадамал, дида бихьулеб буго нуж сундулъго цІакъ диниял чагІи ругеблъи. 23 Шагьаралъул къватІахъ тирулаго гІемерал хириял бакІал ратана дида гьенир. ХІатта, «Щивали лъаларев аллагьасе» абун хъвай-хъвагІай гьабураб къурбан хъолеб бакІцин бугоан. Гьеле гьев, щивалицин лъалев гьечІониги, нужеца тІагІат гьабулев Аллагьасул динин дица тІибитІизабулеб бугеб. 24 Гьев вуго гьаб дуниялги дуниялалда бугебщинабги бижарав Аллагь. Зоб-ракьалъул БетІергьан вугелъул, инсанасул квераз рахъун чІезарурал кІалгІабазда жанив чІоларо гьев. 25 Яги инсанасул квераздалъун жиндие хъулухъ гьабизе ккаравги гуро Аллагь. Киданиги щибниги хІажалъуларо гьесие. Гьесин киналъего гІумруги, хІухьелги, цогидабщинабги кьолеб. 26 Аллагьас тІоцеве цохІо чиясдасан лъугьинаруна дуниялалда ругел киналго халкъал. Щибаб халкъалъе болжалги ва чІезе бакІалъе гІорхъалабиги рихьизаруна. 27 Аллагьас гІадамазе рес кьуна гьев валагьизе, гьев вукІин гьезул ракІалъ бицине ва гьезда гьев Аллагь ватизеги. Нилъер щивав чиясдаса рикІкІад гьечІелъулха гьев Аллагь. 28 Гьесдалъун чІаго руго нилъ, гьесдалъун рахъун чІун руго нилъ, гьесдалъун гІумру гьабулеб буго нилъеца. Гьелъул хІакъалъулъин нужер цо шагІирас гьадин хъван букІараб: «Нилъ киналго Гьесул Лъимал ругелъул.» 29 Гьедин Аллагьасул лъималлъун нилъ кколеб мехалъ, нилъеца бегьилищ меседалдасан, гІарцудасан, яги ганчІидасан лъугьинабураб жо илагьияб бугилан абизе, гьеб кинабго бугелъул устарасул квералъ гьабураб ва гьесул бетІералъ ургъараб жо. 30 Нилъ жагьиллъуда ругеб заманаялда ккара-тараб Аллагьас нилъер гІайиблъун рикІкІунеб гьечІо. Амма гьанже гьес амру гьабулеб буго киса-кирего киналго гІадамал кантІун жинде руссаян. 31 Жинца тІаса вищарав Чиясдалъун тІолго гІаламалъе ритІухъаб суд гьабулеб къо чІезабун бугила. Гьелда нилъер ракІчІезе гІолойила жинца гьев хваралъуса вахъинавурав. 32 Хваралъуса вахъинавиялъул Павелица рехсей гьабидал, цо-цояз гьев гІад-хочІ гьавуна, цогидаз абуна гьелъул бицине цоги нухалъ вачІайилан. 33 Павел гьезул мажлисалдаса нахъе ана. 34 Амма гьесул рахъ ккун иман лъурал гІадамалги ккана. Гьезда гъорлъ рукІана мажлисалдаги гІахьаллъулев Дионисий абулев чи, Дамар абун цІар бугей чІужугІадан ва цогидалги.

18

1 Цинги Павел Афиниялдаса Коринфалде ана. 2 Гьенив гьасда ватана Понталдаса Аквила абун цо жугьутІав. Рималдаса киналго жугьутІал нахъе гъейилан бахъараб Клавдий къайсарасул буюрухъги тІубазабун, жиндирго чІужу Прискиллагун цадахъ Италиялдаса гочун вачІун вугоан гьев. Гьезухъе ваккизе ана Павел. 3 Жанир гІадамал чІолел чадрал гьарун бетІербахъарал чагІи ратана гьел рос-лъади. Гьебго махщелалъул чи Павелги вукІиндал, гьезда цадахъ хІалтІизе лъугьана гьавги. 4 Щибаб шамат къоялъ синагогаялъуве ун, жугьутІалги грекалги мукІур гьаризе кІвелародайилан, гьелгун гара-чІварулаан Павел. 5 Силаги Тимофейги Македониялдаса гьенире рачІараб мехалъ, вагІза-насихІаталда тІадчІана Павел, гьев ГІиса хІакъикъаталдаги МасихІ вугилан жугьутІазда бичІчІизабизе. 6 Амма, дандечІун, Павел какулев вукІана жугьутІаз. Гьединлъидал, жиндирго ратІлидаса хІурги кІутІун, гьес абуна: – Нуж хвалде иналъул гІайибиял нужго руго. Дида гІайиб гьечІо. Гьанже дун цогидал халкъазухъе ана. 7 Цинги синагогаги рехун тун, гьев вахъана Аллагьасе гІибадат гьабулев Титий Юст абулев цо чиясул гьениб аскІобго букІараб минаялъуве. 8 Синагогаялъул бетІер Криспицаги гьесул рукъалъул агьлуялъги ТІадегІанав ГІисаде иман лъуна. Гьенир Павелихъ гІенеккарал Коринфалдаса гІезегІанго чагІаз иман лъуна ва лъадалъ ччун рахъизаруна. 9 Цо сордоялъ илгьам лъугьун ТІадегІанас Павелида абуна: – Мун хІинкъуге! ВуцІцІун чІечІого, вагІза-насихІат гьабе. 10 Дун дуда цадахъ вукІин лъай. Гьаб шагьаралда гІемер руго дица тІаса рищарал гІадамал. Гьединлъидал дуда аскІове къан, дуе зарал-зиян гьабулев чи вукІине гьечІо. 11 Гьедин лъагІелгун бащдалъ гьенив чІана Павел ва Аллагьасул рагІи тІибитІизабуна. 12 Ахая вилаяталъул наиблъун Галлион вугеб заманаялда, киналго рекъон жугьутІал Павелида тІаде кІанцІана ва гьев судалде вачана. 13 Гьез абуна: – Къануналда данде кколареб къагІидаялъ Аллагьасе дин гьабеян малъулеб буго гьав чияс халкъалда. 14 Павелица кІалъазе кІал ричІилалдего, Галлионица жугьутІазда абуна: – Ле, жугьутІал, гьас цо квешлъи гьабун букІарабани яги гьасда цоги такъсир ккун букІарабани, ритІухъаб суд гьабилаан дица гьасие. 15 Кинабалиго рагІийила, лъилалиго цІарила, нужер къанунила, – нужер иш буго гьеб. Гьеб ишалда хурхараб суд гьабиларо дица. 16 Цинги гьес суд гьабулеб рокъоса къватІире гъуна жугьутІал. 17 Гьебмехалъ киналго синагогаялъул хІаким Сосфенида тІаде рортана ва суд гьабулеб рукъалда цеве гьев вухизе лъугьана. Амма Галлионица я гІин, я бер рехичІо гьезул гьеб гъалмагъиралде. 18 Гьелдаса хадубги Павелица гІезегІанго къоял рана гьенир. Цинги, вацазе къолъикІги гьабун, гамидаги рекІун, Сириялде ана. Гьесда цадахъ ана Прискиллаги Аквилаги. Кенхреялде щведал, гьес ботІрол рас къунцІана. Гьеб букІана Аллагьасе назруялъул болжал лъугІараб заман. 19 Цинги гьел Эфесалде щвана. Синагогаялъуве ана Павел, гьенир рукІарал жугьутІалгун гара-чІваризе. 20 Гьез Павелида гьарана дагьаб мехалъги гьенив жидеда аскІов чІайилан, амма гьев разилъичІо. 21 Гьезулгун къолъикІ гьабулаго, Павелица абуна, Аллагьас хъван батани, жив нахъеги нужехъе вачІинилан. Цинги гьев, Прискиллаги Аквилаги гьенир тун, гамидаги рекІун, Эфесалдаса нахъе ана. 22 Къайсарияталда гамидасаги рещтІун, Иерусалималде ана. Гьениб иман лъуразул агьлуялъе саламги кьун, Антиохиялде ана. 23 Дагьаб мехалъ гьенивги чІун, нахъе ана. Иргадал Галатиялъул ва Фригиялъул шагьаразде щун, гьенир рукІарал муридазул иман щула гьабизе квербакъи гьабуна. 24 Эфесалде вачІана Искандарияталдаса Аполлос абун цІакъ кІал-мацІ пасихІав цо жугьутІав. Илагьиял ТІухьдузда хъваралъул магІна лъалев пагьмуяв чиги вукІана гьев. 25 Гьелдасаги цебе ТІадегІанав ГІисал Нух жинда бичІчІизабурав чи вукІана Аполлос. Лъадалъ ччун рахъиялъул хІакъалъулъ ЯхІя аварагас малъулеб букІараб гурони лъаларев Аполлосица, кІалдиб цІа ккун, цІакъ дурусго бицунеб ва бичІчІизабулеб букІана ГІисал хІакъалъулъ кинабго жо. 26 Синагогаялъуве лъугьун, гьес хІинкъичІого хабар бицунеб рагІидал, Прискиллацаги Аквилацаги гьев рокъове ахІана ва дагьабги якъинго бичІчІизабуна гьесда Аллагьасул Нух. 27 Цинги Аполлосие Ахаялде ине бокьидал, вацазул рекІее гІуна гьесул къасд ва дора ругел муридазухъе кагъатги хъвана гьев къабул гьавеян. Дове щведал, Ахаялда гьесдасан кІудияб квербакъи лъугьана Аллагьас цІоб лъуразул иман щулалъиялъе. 28 Халкъалда цебе гьес цІакъаб ракІчІейгун гьереси гьарулел рукІана жугьутІал. Илагьиял ТІухьдуздасан мисалал рачун бихьизабулеб букІана ГІиса хІакъикъаталдаги МасихІ вугилан.

19

1 Аполлос Коринфалда вугеб заманаялда, мугІрузда ругел вилаятаздеги щун, тІадвуссун Эфесалде вачІана Павел. Гьенир ратарал цо дагьалго муридазда 2 гьикъана гьес: – Иманалде руссараб мехалъ Илагьияб РухІ лъугьанищ нужелъе? – ян. Гьеб Илагьияб РухІалъул хІакъалъулъ жидеда рагІизего рагІичІилан абуна гьез. 3 Кинха нуж лъадалъ ччун рахъаралилан гьикъидал, гьез абуна жал ЯхІя аварагасул къагІидаялъ лъадалъ ччун рахъанилан. 4 Павелица гьезда абуна: – ЯхІя аварагас гІадамал лъадалъ ччун рахъулел рукІана кантІун гьел Аллагьасде руссине. Гьес халкъалдехун абулеб букІана жиндаса хадув вачІине вугесде, ай ГІисаде, иман лъейилан. 5 Гьеб рагІидал гьел муридал, ТІадегІанав ГІисал цІар рехсон, лъадалъ ччун рахъана. 6 Цинги Павелица тІад квер лъедал, Илагьияб РухІ лъугьана гьезулъе. БатІи-батІияб мацІалда кІалъазе лъана ва гьезде Аллагьасул рагІи рещтІана. 7 Кинавниги анцІила кІигогІанасев чи вукІана гьезул. 8 Синагогаялде хьвадун, Аллагьасул ПарччахІлъиялъул хІакъалъулъ хІинкъичІого бицун ва бичІчІизабун, лъабго моцІалъ гьезие вагІза гьабуна Павелица. 9 Амма цо-цо гІадамал чанкІкІун чІун гІенеккулел рукІинчІелъул, халкъалда цебе ГІисал Нух гьез какулеб букІиндал, жиндирго муридалги рачун, гьезда аскІоса нахъе ана Павел. Цинги Тиранн абулев чиясул мадрасаялда гьабулаан гьес щибаб къоялъ вагІза-насихІат. 10 Гьедин ана кІиго сон. Асиялда яшав гьабун рукІарал киналго жугьутІаздаги греказдаги рагІана Аллагьасул рагІи. 11 Аллагьасул хІалкІолъиялдалъун Павелил квердасан цІакъго чІахІиял мугІжизатал загьирлъана. 12 ХІатта гьесул квербацІцІ яги ретІел-хьит унаан унтаразухъе босун, ва гьездалъун унтарал сахлъулаан, гІадамазул чорхолъа нахъе унаан хъубал жундулги. 13 Цо бакІалдаса цоги бакІалде хьвадун, гІадамазул чорхолъа жундул рачахъун бетІербахъарал чагІиги рукІана жугьутІазда гьоркьор. Гьанже гьез къасд гьабуна ТІадегІанав ГІисал цІар рехсон инсанасул чорхолъа хъубаб жен бачахъизе. Гьез гьелда абулаан: – Павелица жиндир хІакъалъулъ бицунеб бугев ГІисал цІаралдалъун амру гьабулеб буго нижеца дуе гьев чиясул чорхолъа нахъе аян. 14 (Гьел рукІана Ягьудиязул цо кІудияв кашиш Скевал анкьавго вас.) 15 Гьеб хъубаб женалъ гьезда абуна: – Дида ГІисаги лъала, Павелги лъала щив чияли, амма нуж щал кколел? 16 Цинги гьеб хъубаб жен чорхолъ бугев чияс, тІадги речІчІун, гьел гІодор тІамуна. Лъукъ-лъукъун тату хварал гьел, тІад ретІелги гьечІого, тІуризе ккана гьеб рокъоса къватІире. 17 Эфесалда рукІарал киналго жугьутІаздаги греказдаги рагІана гьеб хабар. Кутакаб хІинкъи лъугьана гьеб халкъалъул рекІелъе. ТІадегІанав ГІисал цІаралъе рецц гьабуна гьез. 18 Гьезул гІемерисез иман лъуна, Павелихъе рачІун, жидерго хъубал ишал рехсон, тавбу гьабуна. 19 ГІемерал сихІручагІаз жидерго тІахьал, гІадамазда рихьулеб бакІалде росун, рухІана. Гьедин рухІарал тІахьазул багьа чІезабураб мехалъ, кІикъоялда анцІазарго гъурущалде бахунеб батана гьеб. 20 Гьедин ТІадегІанасул къудраталдалъун тІибитІулеб ва щулалъулеб букІана Аллагьасул рагІи. 21 Гьединал лъугьа-бахъиназдаса хадуб, Илагьияб РухІалъ малъун, Павелица хІукму гьабуна Македониялъул ва Ахаялъул ракьалдасан Иерусалималде ине. Гьес абуна: – Цин цо дове щвела дун, цинги дида Рим бихьизе ккола, – ян. 22 Жиндирго кІиго кумекчи – Тимофей ва Эраст гьес Македониялде цере ритІана, живгойин абуни, дагьаб заманаялъ Асиялдаго чІана. 23 Гьеле гьеб заманаялда лъугьана ТІадегІанасул Нухалда дандечІараб кІудияб питна. 24 Деметрий абун цо гІарцул устар вукІана гьенив. Артемида аллагьалъул хІурматалда бараб храмалда релълъарал гІисинал храмал гьарун ричулаан гьес. Гьесул гьеб даран-базаралъул кутакаб хайир-пайда букІана цогидал устарзабазеги. 25 Гьел устарзабиги ва гьесулалда релълъараб цогидаб махщелалъул гІадамалги данде ракІарун, гьес абуна: – ГІенеккея, нужеда лъала нилъер магІишат гьаб даран-базаралда бараб бугеблъи. 26 Гьанже нужеда бихьулеб ва рагІулеб буго гьадав Павелица, жиндаго божизабун, къосинабулеб бугеблъи, Эфесалда гуребги, тІолабгоялде гІунтІун Асиялда бугеб халкъ. Гьес абулеб буго, инсанасул квераздалъун гьарурал аллагьзаби – гьел аллагьзабилъун кколарилан. 27 Гьедин нилъер махщел какун квешаб цІар чІвазе букІин гуребги, гьелдалъун хІинкъи буго нилъер кІудияй аллагь Артемидал храм щибго гуреб бакІлъун рикІкІинилан ва тІолабго Асиялдаги ва тІолабго дуниялалдаги халкъаз жиндие бетІерчІвалей гьей аллагьалъул цІар гьанже гІадин кІодо гьабиларилан. 28 Гьебмехалъ устарзаби ццидаца гьалаглъун ахІдезе лъугьана: – Нижер Эфесалъул Артемида кІудияй аллагь йиго! – ян. 29 ТІолабго шагьаралда багъа-бачари лъугьана. ГІадамазул цо къокъаялъ ккуна Павелида цадахъ гьеб сапаралда рукІарал Македониялдаса Гайги Аристархги. Цинги киналго рекерулел рукІана данделъаби тІоритІулеб бакІалде. 30 Гьеб халкъалда гьоркьове лъугьине бокьун букІана Павелие, амма муридаз виччачІо. 31 Асия вилаяталъул цо-цо чІухІби-хІакимзабазги, – Павелил гьудулзабиги рукІиндалха гьел, – гьесда аскІоре чагІи ритІун рачІана театралде унгейилан абун. 32 Гьеб заманаялда цояс гьадин ахІун, цогидас додин ахІун, кутакаб гъалмагъир лъугьана гьениб. Гьезул гІемерисезда лъалебцин букІинчІо щай жал гьенире ракІарун ругелали. 33 Гьале цо-цо гІадамаз цеве цун вачІана жугьутІаз кІалъазе тІамурав Александр абулев чи. ГІенеккейилан, кверги борхун, Александр халкъалда цеве жидеда гІайиб гьечІилан кІалъазехъин вукІана. 34 Амма гьев жугьутІав вукІин лъайдал, цого гьаракьалъ кІиго сагІатгІанасеб мехалъ ахІана гьез: – Нижер Эфесалъул Артемида кІудияй аллагь йиго! – ян. 35 Цеве вахъун, шагьаралъул гІелас, гьелги гІодоре риччазарун, абуна: – Ле, Эфесалъул гІадамал! КІудияй Артемидал храмги зодисан рещтІараб гьелъул суратги цІунулел гІадамал нуж ругеллъи лъаларев чи щив вугев? 36 Гьелда дагІба базе бакІги гьечІеб мехалъ, гІодоре риччазе ккела нуж. Сундулъго хехдари рекъоларо. 37 Гьанире нужеца рачун рачІарал гьал чагІаз храмалъуб цІогьги гьабичІо, нилъер аллагь какараб рагІиги гьазул кІалдиса къватІибе бачІинчІо. 38 Деметрийил ва цогидал устарзабазул лъидехунниги дагІба бугеб батани, гьеб тІубазе тІадаб судги буго, наибзабиги руго. Гьезухъе гІарзалъ ине риччай. 39 Гьелдаса батІияб суал нужер бугеб батани, къануналда рекъон, ахІун данделъигун, гьениб тІубазе ккела. 40 Щибго гІиллаго гьечІого гьаб гъалмагъир нилъеца гьабидал, ургъунго питна багъаризабун бугилан, нилъеда гІайиб чІезабиялда хІинкъи буго. Щай гьанире ракІараралилан гьикъани, кьезе жаваб гьечІогури нилъер. 41 Гьединги абун, халкъ бикьа-биххизабун нахъе битІана гьес.

20

1 Халкъалъул гьеб ахІи-хІур лъугІараб мехалъ, жиндихъего ахІун муридазе насихІатги гьабун, къолъикІги гьабун, Павел Македониялде ана. 2 Гьел вилаятаздасан унаго, халкъалъе гІемераб насихІаталъул хабарги бицунаго, гьев Грециялде щвана. 3 Гьениб лъабго моцІги бан, гамида рекІун, Сириялде ине къачІараб мехалъ, Павелида лъана жугьутІаз жиндие квешлъи гьабизехъин букІин. Гьединлъидал гьес хІукму гьабуна Македониялдасахун тІадвуссун ине. 4 Гьесда цадахъ ана Бероялдаса Пиррил вас Сопатр, Фессалоникаялдаса Аристарх ва Секунд, Дербиялдаса Гай, Тимофей ва Асиялдаса Тихикги Трофимги. 5 Цере ун гьел ниж рачІинегІан Троадаялда чІун ратана. 6 Нижин абуни, РеччичІел Панкъазул Байрамалъул къоял инегІанги чІун, гамида рекІун Филиппиялдаса къватІире рахъана, щуго къоялдасан гьезда тІаде щвана ва цо анкь гьениб рехана. 7 Цо гьатІан къоялъ бекун чед кваназе данделъана ниж, цинги вацалгун гара-чІваризе лъугьана Павел. Нахъисеб къоялъ къватІиве вахъине къачІарав Павелица сордо бащалъизегІан бицана хабар. 8 Ниж данделъараб тІасарокъор рекІун рукІана гІемерал чирахъал. 9 ГортІа гІодов чІун вукІарав Эвтих абун цІар бугев цо гІолохъанчи, Павелил хабар халалъидал, кьижун ккана. Кьижухъего гьев лъабтІалаяб ригьалъул рагьараб гордухъан къотІнове вортун ана. Рекерун ун хал гьабидал, хун ватана нижеда гьев. 10 Гъоркье вачІун Павелица гьев, гъуждулги ккун, тІаде ворхизавуна ва каранде къана. Цинги гьес абуна: – Воре, нуж къварилъахъдуге, гьасул рухІ бахъун гьечІо, – ян. 11 Нахъеги тІасарокъове вахун, бекун чед кванана Павелица, хъахІлъи рехизегІан гьезулгун хабар-кІалалдаги вукІун, сапаралъ вахъана гьев. 12 Дов гІолохъанчиги, расги лъугьинчІеб гІадин, тІаде вачана ва киналго гьелдаса цІакъ рохана. 13 Цинги, гамида рекІун, ниж цереккунго Ассалде ана. Нижеда ракІалда букІана гьениса Павелги цадахъ вачине, гьес абун букІана жив гьениве лъелго вачІинилан. 14 Ассалда Павел нижеда дандчІвараб мехалъ, гьевги вачун, гамидаги рекІун, Митиленаялде ана. 15 Гьенисаги гамида рекІун ун, нахъисеб къоялъ Хиос чІинкІиллъиялъул хьолбохъан лъедон, цоги къоги нухда бан, Самосалде щвана ва хадусеб къоялъ Милеталда рещтІана. 16 КІикъоялда анцІабилеб къоялъул байрам тІаде гІунтІилалде Иерусалималде щвезе бажарилародаян гІедегІун вукІиндал, Асиялда заман инабичІого рорчІизе гІоло, Эфесалде жанире лъугьинчІого ине хІукму гьабуна Павелица. 17 Милеталдаса Эфесалде чи витІун, гьес иман лъуразул агьлуялъул бутІрул жиндихъего ахІана. 18 РачІун гьел тІаде щведал, Павелица гьезда абуна: – Асиялъул ракьалда дица тІоцебе хІетІе чІаралдаса нахъе дун нужгун цадахъ вукІаравлъи лъала нужеда. 19 Дирго хІеренлъи-хІалимлъиялда бадиса магІу чвахулаго ва, дида дандечІарал жугьутІазул питнаби цІикІкІаниги сабруги гьабун, хъулухъ гьабуна дица ТІадегІанасе. 20 Нужее пайдаяб щибго жо бахчичІо дица нужедаса: халкъалда цеве вахъунги щибаб къавулъе лъугьунги вагІза-насихІат гьоркьоса къотІизе течІо. 21 ЖугьутІаздаги греказдаги, дунго нугІлъун чІун, дица бичІчІизабуна кантІун Аллагьасде руссаян ва нилъер ТІадегІанав ГІисаде иман лъеян. 22 Гьале гьанже Илагьияб РухІалъ Иерусалималде ине гьесизавулев вуго ва гьениб щиб дир ккелебалиги лъаларо. 23 Амма кинаб шагьаралде дун щваниги, Илагьияб РухІалдасан илгьам лъугьунеб буго Иерусалималда дида рахсал разе ругилан, дие гІазаб-гІакъуба букІине бугилан. 24 Дирго гІумру хиралъун гуро дун кІалъалев вугев. Дица байбихьараб иш рагІалде бахъинабун ва ТІадегІанав ГІисаца кьураб тІадкъай тІубазабун, ай Аллагьас нилъеда цІоб лъун бугилан Рохалил хабар бицун чІалде щвезе бокьун буго. 25 Гьанже дида лъала дица Аллагьасул ПарччахІлъи тІаде гІунтІун букІин лъазабурал нужеда дун тІокІав вихьизе гьечІевлъи. 26 Гьединлъидал жакъа дица лъазабулеб буго, нужеда гьоркьоса цониги чи хвасарлъичІого хутІани, гьелъул гІайиб дида гьечІилан. 27 Щайилан гьикъани, щибго бахчичІого дица нужеда бичІчІизабуна Аллагьасул амру. 28 Воре, нужго цІуне! ГІисаца жиндирго биги тІун босараб ва Илагьияб РухІалъ нужеда тІадкъараб Аллагьасде иман лъуразул агьлуги, вехьас гІиял рехъен гІадин, цІуне нужеца. 29 Дида лъала дун нужеда аскІоса нахъе араб мехалъ, хъантІарал бацІал рачІун, нужер гІиял рехъабазда гьел гурхІизе гьечІеллъи. 30 Нужеда гъорлъги рахъина, муридал жидедаго хадур цІазе бокьун, гьел мекъи ккезаризе гаргадулел гІадамал. 31 Гьеле гьездаса цІунун чІа нуж. РакІалда чІезабе лъабго соналъ дица къасиги къадги беразул магІу тІун гІодилаго нужеда гьаранщинабги малъанщинабги. 32 Гьанже дица нуж ТІадегІанасда божун толел руго ва дир хьул буго гьесул цІобалъ нуж рехун теларилан. Гьесда кІола нужее къваригІанщинаб кьезе ва, Аллагьас тІаса рищаразего гІадин, нужееги ирс насиб гьабизе. 33 Дица лъидасаниги тІалаб гьабичІо я гІарац, я хирияб ретІел-тІех. 34 Нужеда лъала диеги дида цадахъ рукІаразеги къваригІара-тараб жо дица гьал дирго кверал квалквадун балагьараблъи. 35 Дица сундулъго нужедаги бихьизабуна дун гІадин нужги хІалтІизе кколеллъи, загІипазе кумек гьабизе кколеблъи ва «Босаралъулъалдаса кьуралъулъ баркат цІикІкІараб буго», – ян ТІадегІанав ГІисаца абурал рагІаби кІочон тезе бегьулареблъи. 36 Гьединги абун, киназдаго цадахъ суждаялда чІун, дугІа гьабуна Павелица. 37 ГІодун магІу тІолаго, гьесда тІад хурхана, каранде къан, гьесда убачал гьаруна. 38 ТІокІав киданиги нужеда жив вихьизе гьечІилан абурал гьесул рагІабаз хасго къварид гьаруна гьел. Цинги гамиде нуха регІана гьез Павел.

21

1 Гьезулгун къолъикІги гьабун, гамида рекІун ниж битІун Кос чІинкІиллъиялдехун ралагьун ана. Нахъисеб къоялъ щвана Родосалде, гьениса Патараялде ана. 2 Гьениб батана Финикиялдасахун ралъад къотІун унеб гама. Гьелде рахана ниж. 3 Кипр чІинкІиллъи бихьараб мехалъ, гьебги квегІаб рахъалдехун тун, Сириялде ана ва Тиралда рещтІана. Гамидаса юк бахъизе кколеб букІана гьениб. 4 Гьенир муридал ратун, гьезда аскІоб цо анкь рехана. Илагьияб РухІалъ малъун, гьез Павелида абулеб букІана Иерусалималде унгейилан. 5 Гьеб нижер анкь индал, къватІире рахъана ниж. Жидерго лъудбигун, лъималгун шагьаралдаса къватІире ниж тІоритІизе рачІана муридал, ва ралъдал рагІалде щведал, нижеца суждаялда чІун дугІа гьабуна. 6 Цоцазе къолъикІги гьабун, нижги гамиде рахана, гьелги тІадруссун ана. 7 Тиралдаса рахъун арал нижер сапар Птолемаидаялда лъугІана. Вацазе саламги кьун, гьезда цадахъ цо къо гьениб бана. 8 Нахъисеб къоялъ лъелго сапаралде рахъун, Къайсарияталде щвана. Иерусалималда тІаса вищун вукІарав анкьгоясдасан цояв – Филипп – гьенив ватун, гьесда рещтІана. Гьев вукІана Рохалил хабар лъазабулев чи. 9 Рос-рукъалде яхъинчІей ункъо яс йигоан гьесул, ункъалъего Аллагьас кашпу-карамалъиги кьун бугоан. 10 ГІезегІанго къоял рана гьенир нижеца. Гьеб заманаялда Ягьудиялдаса Птолемаидаялде вачІана кашпу-карамалъи бугев цо Агаб абулев чи. 11 Нижехъе вачІун Павелил рачелги босун, жиндирго бохдулги квералги рухьана гьес. Цинги абуна: – Илагьияб РухІалъ абулеб буго гьаб рачелалъул бетІергьан Иерусалималъул жугьутІаз гьадин вухь-вухьун рехилин ва гьев мажусиязул квердеги кьелин абун. 12 Гьеб рагІидал нижги гьеб ракьалъул гІадамалги Павелида гьардезе лъугьана Иерусалималде унгейилан. 13 Гьебмехалъ Павелица нижеда абуна: – Щай нуж гІодулел? Щай нужеца дирги ракІ бакъвазабулеб? Вухь-вухьун рехияли щиб гурин, ТІадегІанав ГІисае гІоло Иерусалималда хвезеги разияв вуго дун. 14 Гьев мукІур гьавизе кІвечІелъул, руцІцІун чІана ниж БетІергьанас хъвараб лъугьинилан. 15 Цо чанго къоялдасан къайи-цІаги къачІан, ниж Иерусалималде ине къватІире рахъана. 16 Къайсарияталдаса цо-цо муридалги рилълъана нижеда цадахъ. Гьез ниж щвезаруна тІоцересел муридаздасан цоявлъун кколев Кипралдаса Мнасонил бакІалде ва гьесда рещтІана. 17 Иерусалималде щведал, вацал рохана ниж рачІиналдаса. 18 Нахъисеб къоялъ Павел, нижги рачун, Якъубил бакІалде вилълъана. Гьенире рачІана киналго диниял бутІрул. 19 Павелица гьезие салам кьуна ва жиндир ишалдалъун Аллагьас цогидал халкъазда гьоркьоб гьабунщиналъул хІакъалъулъ щибго гьоркьоб течІого мухІканго бицана. 20 Гьеб рагІидал, киназго Аллагьасе рецц гьабуна. Цинги гьез Павелида абуна: – Балагье, вац, гьанир жугьутІазда гьоркьоса ГІисаде иман лъурав аза-азар чи дудаго вихьизе. Гьез киназго кьуричІого цІунула Мусал къанунал. 21 Дур хІакъалъулъ гьазда бицун буго дуцадила, цогидал халкъазул ракьалда ругел жугьутІазда абунги малъунги бугила Мусал диналъе хилиплъизе бегьулин, васазе сунат гьабичІониги гІолин ва нилъер гІадатал цІунизе кколарин. 22 Гьанже щибха нилъеца гьабизе кколеб? Гьазда лъачІого хутІиларо мун вачІун вугевлъи. 23 Гьединлъидал цо нижеца малъараб жо гьабе дуца: гьанив нижеда гьоркьов вуго Аллагьасе назруялъул гІадат цІунун чІарав ункъо чи. 24 Гьелги цадахъ рачун ун, дуцаги тІубазабе ботІрол рас къунцІизе гьезие изну щолеб рацІцІалъизариялъул гІадат. Гьезие гІологи гІарац дуцаго кье. Гьебмехалъ киназдаго лъала дур хІакъалъулъ бицунеб бугебщинаб мекъи букІин, мунги Мусал къануналда рекъон хьвадулев чи вукІин. 25 Иманалде руссарал цогидал халкъазул рахъалъин абуни, нижеца хІукмуги гьабун, гьезухъе кагъат битІун инчІищ гьересиаллагьзабазе къурбан гьабураб квенги кунгеян, биги гьекъогеян, гъанкъун хвезабураб хІайваналъул гьанги кунгеян ва хъахІбалъиги гьабугеян. 26 Гьедин нахъисеб къоялъго гьев ункъавго чиги вачун ун, Павелица рацІцІалъизариялъул гІадат тІубазабуна. Цинги Мукъадасаб Рокъове лъугьун, гьес лъазабуна рацІцІалъиялъул болжал кида лъугІизе бугебали. Гьеб болжал лъугІараб къоялъ гьезул щивасдаса къурбан хъвезе кколаан. 27 Гьеб иш лъугІулеб бугеб мехалъ, Мукъадасаб Рокъов гьев вихьана Асиялдаса рачІарал жугьутІазда. Гьез халкъалда гьоркьоб багъа-бачари лъугьинабуна ва тІад речІчІун Павелги ккуна. 28 – Я, вацал жугьутІал! – ан ахІулеб букІана гьез. – Кумек гьабе нижее. Гьас киса-кирего гІадамал тІамулел руго нилъер халкъалдаги, нилъер къануналдаги, нилъер хирияб гьаб рукъалдаги дандечІезе. ХІатта гьес, грекалги жанире рачун, нилъер гьаб хирияб бакІ хъублъизабуна. 29 Гьедин абиялъе гІиллаги букІана: Эфесалдаса Трофим вихьун вукІун вуго гьезда дагьав цевегІан шагьаралъул къотІносан Павелида цадахъ унев. Гьев Трофим жиндаго цадахъ Мукъадасаб Рокъовеги вачун вукІун ватилилан ккун буго гьезда. 30 ТІолабго шагьаралда багъа-бачари лъугьана. Кисанго рекерун рачІун гІадамазул кІудияб руккел лъугьана. Кквезеги ккун, гьез Павел Мукъадасаб Рокъоса къватІиве вехъерхъана, ва гьебсагІат кавуги рахана. 31 Гьез Павел чІвазехъин вугеб мехалъ, рагъухъабазул азарилбетІерасда рагІана тІолабго Иерусалималда гъалмагъир ккун бугилан. 32 ГьебсагІат гьев, рагъухъабиги нусилбутІрулги рачун, гьениве вортана. АзарилбетІерги рагъухъабиги рачІунел рихьун, Павел вухулел рукІарал гІадамаз гьев живго тана. 33 Гьебмехалъ аскІове ун, азарилбетІерас Павел нахъе вачана, кІиго рахасги бан вухьейилан буюрухъ кьуна. Цинги гьел гІадамазда гьикъана гьав щивилан, гьас гьабураб щибилан. 34 Гьеб халкъалъул руккалилъ цояс гьадин ахІун, цояс додин ахІун, гьезул хъуй-хъаялъ щиб-кин ккарабали бичІчІизе кІвечІеб мехалъ, азарилбетІерас буюрухъ кьуна Павел хъалаялъуве вачейилан. 35 Болъодухъа тІаде Павел вачунаго, тІаде гурун бачІараб халкъалъул руккелалдаса цІунизе, рагъухъабаз кодов ккун восизе ккана гьев. 36 Хадур лъугьун гІемерал гІадамаз ахІулеб букІана гьев тІагІинавизе кколилан. 37 Хъалаялъул кавудухъе щведал, Павелица азарилбетІерасда абуна цо кІалъазе бегьилищилан. – Дуда греказул мацІищ лъалеб? – ан гьикъана гьес. 38 – Дагьаб цебегІан гъалмагъирги багъаризабун, ункъазарго хъачагъгун авлахъалде лъутун арав Мисриялдаса чи гуревищха мун? 39 Павелица абуна: – Дун вуго Киликиялъул Тарсалдаса жугьутІав, гьеб машгьураб шагьаралъул гражданин. Гьаб халкъалдехун хитІаб гьабун, цо кІалъазе изну кьейилан гьарулеб буго дица дуда. 40 Гьебмехалъ изну кьедал, болъодул хІокІида чІун, кверги борхун, халкъалдехун вуссана Павел. Киналго гІадамал сихІкъотІун чІараб мехалъ, жугьутІ мацІалда кІалъазе байбихьана гьес.

22

1 Гьес абуна: – Я, дир вацалги умумулги! Гьанже дихъ гІенекке нуж! Дида гІайиб гьечІолъи чІезабизе кІалъалев вуго дун. 2 Павел жугьутІ мацІалда кІалъалев рагІидал, тІубанго сихІкъотІун чІана гьел. Гьебмехалъ гьес абуна: 3 – Дун вуго Киликиялъул Тарсалда гьавурав, гьаб шагьаралда цІаларав жугьутІав. Гамалиэлида цеве цІалун, цІакъ мухІканго лъазаруна дица нилъер умумузул къанунал. Дунги вукІана, жакъа нужго гІадин, Аллагь рази гьавизе хІаракат бахъулев чи. 4 Гьаб Нухде лъугьаразе чІваялде гІунтІунги гІазаб кьуна дицаги, бихьиналги руччабиги, ккун рачун, рахсаца рухьинаруна, туснахъалъур тІамизаруна. 5 Гьелъие нугІлъи гьабила чІахІиял кашишзабазги киналго чІухІби-хІакимзабазги. Гьезул кагъатги босун унев вукІана дун Дамаскалда ругел иман лъуразухъе, рухь-рухьун гьел Иерусалималде рачине ва гьаниб гьезие тамихІ гьабизе бокьун. 6 Гьедин нухда унаго, Дамаскалде щолев вукІараб къоялъул къалъул гІужалда, тохлъукьего зобалаздасан рещтІараб нуралъ кутакалда къалъ-къалъизабуна сверухълъи. 7 Дун гІодов ккана. «Шаул! Шаул! Щай дуца дие гьаб гІазаб-гІакъуба кьолеб бугеб?» – ан ахІулеб гьаракьги рагІана дида. 8 «Мун щив, бетІерчІахъад?» – абун гьикъана дица. Гьес дида абуна: «Дун вуго дуца гІазаб-гІакъуба кьолеб бугев Назареталдаса ГІиса». 9 Дида цадахъ рукІараздаги бихьана гьеб нур. Амма дунгун кІалъалев вукІарасул гьаракь гьезда рагІичІо. 10 «Я, бетІерчІахъад! Щибха дица гьабизе кколеб?» – абун гьикъана дица гьебмехалъ. ТІадегІанас дида абуна: «ТІаде вахъун, Дамаскалде а мун. Гьениб бицина дуда дуца гьабизе кколебщиналъул хІакъалъулъ». 11 Гьеб нуралъул гвангъиялъ дир бадиса канлъи босана. Цадахъ рукІараз, квер ккун вачун, Дамаскалде щвезавуна. 12 Гьенир ругел жугьутІазда гьоркьоб къадру-къиматги бугев, къануналъеги мутІигІав цо Анания абулев чи вачІана дида аскІове. 13 Гьес абуна: «Я, дир вац Шаул! Валагье!» – ян. Гьеб лахІзаталда гьесухъ валагьидал, дир беразда канлъи бихьана. 14 Цинги гьес дида бицана: «Нилъер умумузул Аллагьас мун тІаса вищун вуго жиндирго амруги дуда лъазе, Аллагьасул вацІцІадав вакилги вихьизе, гьесул каламги рагІизе. 15 Дуда бихьаралъулги рагІаралъулги бицун, киналго халкъазда гьоркьов Гьесул нугІлъун вукІине ккола мун. 16 Гьанже сундухъ балагьун мун чІун вугев? Лъадалъ ччун вахъизавун, гьесул цІар рехсон, дурго мунагьал чуризаре». 17 Иерусалималде тІадвуссун Мукъадасаб Рокъов какда вукІагоги цебетІами лъугьана дие. 18 Дида ГІиса вихьана, ва гьес дида абуна: «ЛахІзаталъ чІечІого мун Иерусалималдаса нахъе а. Гьанир божизе гьечІо дир хІакъалъулъ дуца бицаралда». 19 Дица абуна: «Я, ТІадегІанав ГІиса! Гьазда лъала дуде иман лъурал гІадамал дица, ккун рачун, туснахъалъур тІамулел рукІараблъи ва синагогабазда гьел рухулел рукІараблъиги. 20 Дуе нугІлъи гьабурав Стефанил би гІодобе тІолеб мехалъ дунги вукІана гьенив. Дица гьеб лъикІаб ишлъун рикІкІана, гьев чІвалел рукІарал гІадамазул гІабабиги дихъе кьун рукІана цІунизе». 21 ГІисаца дида абуна: «Дица мун гьаниса рикІкІаде цогидал халкъазул гІадамазухъе витІулев вуго. Гьезухъе а мун». 22 Гьел рагІаби Павелил кІалдиса къватІире лъугьинегІан гІенеккун чІун букІараб халкъ нахъеги ахІдезе лъугьана: – Ракьалдаса тІагІинавизе ккола гьев! Гьединав чи чІаго тезе бегьуларо! 23 РетІелги бихъ-бихъун балаго, хІатІикь букІараб хІурги гьаваялде гьурщулаго, гьедин ахІделел гьел ругеб мехалъ, 24 азарилбетІерас буюрухъ кьуна Павел хъалаялъуве вачеян ва гьес щиб гьабун букІун гьал гІадамаз гьедин ахІулеб бугебали цІалаца вухун бицинабейилан. 25 ЦІалаца вухизе вухьунеб мехалъ, гьенив аскІов вукІарав нусилбетІерасдехун вуссун Павелица абуна суд гьабичІого Рималъул гражданин вухизе законалъ изну кьолебищилан. 26 ГьебсагІат нусилбетІерас, азарилбетІерасда аскІове ун, абуна: – Дуца гьабулеб жо щиб? Гьавни Рималъул гражданин вукІун вуго, – ян. 27 АскІове вачІун, азарилбетІерас Павелида гьикъана: – Бице дида: мун Рималъул гражданинищ? – абун. Уйилан абуна гьес. 28 НусилбетІерас гьениб абуна гьеб гражданлъи щвезе гІоло жинца гІемераб гІарац хвезабизе кканилан. Павелицаги абуна жив эбелалъ гьавуралдаса нахъего вугин Рималъул гражданин. 29 Гьев цІалаца вухизехъин вукІарал гІадамал нахъегІан къана. АзарилбетІерги хІинкъана жинца вухь-вухьарав чи Рималъул гражданин вукІин лъайдал. 30 Павелиде жугьутІаз гІунтІизабулеб бугеб гІайиб мухІканго баянлъизе гІоло, нахъисеб къоялъ азарилбетІерасул буюрухъалдалъун чІахІиял кашишзабиги кІудияб судалъул гІадамалги данделъана ва, тІаса рахсалги рахъун, Павел гьезда цеве чІезавуна.

23

1 КІудияб судалъул гІадамазда берги речІчІизабун, Павелица абуна: – Я, дир вацал! Жакъа къоялде щвезегІан дица Аллагьасда цебе ракІбацІцІадго гІумру гьабуна ва кидаго гьабичІо ритІухъаб гурони иш. 2 Гьеб рагІидал кІудияв кашиш Ананияца аскІор рукІаразе амру гьабуна гьесул кІал бухейилан. 3 Павелица гьесда абуна: – Аллагьас вухила мун, хъахІракьалъ бохьараб къед! Мун гьанив гІодов чІун вуго къануналда рекъон дие суд гьабизе. Дуцайин абуни, къанунги хвезабун, буюрухъ кьолеб буго дун вухейилан. 4 АскІор рукІараз гьесда абуна Аллагьасул кІудияв кашиш къабихІ гьавулев вугин дуцайилан. 5 Гьебмехалъ Павелица абуна: – Я, вацал! Гьав чи кІудияв кашиш вукІин лъачІо дида, Илагьиял ТІухьдузда хъван бугелъул: «Дурго халкъалъул бетІерасул хІакъалъулъ квешаб рагІи абуге», – ян. 6 Гьенир ругезда гьоркьор саддукеялги фарисеялги рукІин лъараб мехалъ, ахІунго-ахІун абуна Павелица: – Я, вацал! Дун вуго фарисеясул вас фарисеяв. Судалдеги дун вачун вуго къиямасеб къоялъ хварал тІаде рахъинаризе рукІиналде хьул лъурав чи вугелъул. 7 Гьес гьедин абидал, саддукеяздаги фарисеяздаги гьоркьоб дагІба ккун, цоцалъ рана судиял. 8 (Саддукеял божулароан я къиямасеб къоялъ хварал тІаде рахъинаризе рукІиналда, я малаикзабазда, я жундузда. Фарисеялин абуни гьеб киналдаго божулаан.) 9 КІудияб ахІи-хІур багъарана гьениб. ТІаде рахъун фарисеязул цо-цо диниял гІалимзаби чІчІичІчІидизе лъугьана: – Гьав чиясулъ щибниги квешлъи бихьулеб гьечІо нижеда. Щиб лъалеб, рухІ яги малаик батила гьесда кІалъан? 10 Гьезул дагІба-рагІи гІорхъулъа индал, гьез Павел тІутІун вазе гурилан хІинкъун, азарилбетІерас рагъухъабазе буюрухъ кьуна гъоркье рачІун гьев нахъе вачейилан ва хъалаялъуве щвезавейилан. 11 Нахъисеб сордоялъ вачІун, ТІадегІанав ГІисаца Павелида абуна: – Мун къуркьуге! Иерусалималдаго гІадин, Рималдаги гьабизе ккезе буго дуца дие нугІлъи. 12 Нахъисеб къоялъ цо-цо жугьутІаз гьедун къотІи гьабуна Павел чІвазегІан жал я кваналарин, я гьекъеларин. 13 Гьедин Павелида дандечІаразул вукІана кІикъогоялдаса цІикІкІарав чи. 14 ЧІахІиял кашишзабазда ва чІухІби-хІакимзабазда аскІоре ун, гьез абуна: – Павел чІвазегІан я кваналарилан, я гьекъеларилан гьедун руго ниж. 15 Нужецаги нужер судалъги азарилбетІерасда лъазабе гьеб ишалъул мухІканаб цІех-рех гьабизе бокьун бугин, Павел нужехъе вачейилан. Цинги гьаниве вачунаго нухда чІвала нижеца гьев. 16 Гьеб хиянаталъул хабар лъан, Павелил яцалъул вас хъалаялъуве ана ва кинабго Павелида бицана. 17 Гьебмехалъ аскІове ахІун гьес цо нусилбетІерасда абуна гьав гІолохъанчи азарилбетІерасухъе вачейилан, досда бицине цо хабар бугин гьасулилан. 18 Гьев гІолохъанчиги азарилбетІерасухъе щвезавун, гьес досда абуна: – Туснахъалъув вугев Павелица аскІове ахІун гьарана дида гьав гІолохъанчи духъе щвезавейилан, дуда бицине цо хабар бугин гьасулилан. 19 Кверги ккун довегІан вачун, азарилбетІерас гьев гІолохъанчиясда гьикъана дида щиб бицине дуе бокьун бугебилан. 20 Гьес бицана: – ЖугьутІаз къотІи гьабун буго, мухІканаб цІех-рехалъе къваригІун вугиланги абун, метер Павел кІудияб судалде вачине виччайилан дуда гьаризе. 21 Дуца гьезул гьариялъухъ гІин тІамуге. КІикъогоялдаса цІикІкІарав чи къачІан чІун вуго гьев чІвазе гъоркьчІелги гьабун. Гьев чІвачІого я кваналарин, я гьекъеларин гьедун руго гьел. Гьел ралагьун чІун руго дуца Павел судалде витІиялъухъ. 22 Гьелъул хІакъалъулъ лъиданиги хІухь бахъугейиланги лъазабун, азарилбетІерас нахъе витІана гьев гІолохъанчи. 23 Цинги кІиго нусилбетІерги аскІове ахІун, азарилбетІерас гьезда абуна: – КІинусго рагъухъангун, гьединго лъабкъоялда анцІго рекІаравгун ва хеч кодоб бугев кІинусго аскариявгун цадахъ Къайсарияталде ине къачІай. Нуж къватІире рахъине ккола къаси сагІат ичІго тІубарабго. 24 Павел рекІине чуялги къачІай. Нухда щибго зарал-зиян ккезе течІого, Феликс сардарасухъе щвезаве гьев. 25 Цинги гьес гьадинаб кагъат хъвана: 26 «ХІурмат тІадегІанав сардар Феликсиде салам буго Клавдий Лисийил рахъалдасан. 27 Гьав чи жугьутІаз, ккун вачун, чІвазехъин вукІана. Рималъул гражданин вукІин лъайдал, рагъухъабиги рачун ун, дица гьав хвалдаса хвасар гьавуна. 28 Гьасда бугеб гІайиб-хатІа лъазе гІоло дица гьав гьезул кІудияб судалде вачана. 29 Гьениб дие баянлъана гьасде гьез гІунтІизабулеб тІолабго гІайиб гьезул жидерго къануналда хурхараб букІин, амма я чІвазе, яги туснахъалъув тІамизе гІураб гІайиб гьасда тІад чІечІо. 30 Гьанже гьав чи чІвазе гьез гъоркьчІел гьабун бугилан абидал, дица гьав духъе витІулев вуго ва гьасда дандечІаразеги амру гьабуна гьасдасан бугеб гІарзалъ духъе айилан». 31 Буюрухъ тІубазабун, рагъухъабаз Павел гьеб сордоялъго Антипатридаялде вачана. 32 Нахъисеб къоялъ рекІарал ана Павелги вачун Къайсарияталде, цогидал рагъухъаби хъалаялъуре тІадруссана. 33 Къайсарияталде щведал, Павел вачун рачІарал рагъухъабаз Павелги гьесул хІакъалъулъ хъвараб кагъатги сардарасухъе кьуна. 34 Кагъат цІалун бахъарабго, Феликсица гьикъана Павел щиб вилаяталъул чийилан. Гьев Киликиялдаса вукІин лъайдал, 35 Феликсица абуна: – Дуде гІайиб гІунтІизабурал гІадамал тІаде щвараб мехалъ гІенеккила дун духъ, – абун. Цинги гьес буюрухъ кьуна, хъаравуллъиги чІезабун, Павел Гьеродил кІалгІаялъув тейилан.

24

1 Щуго къоялдасан кІудияв кашиш Ананияда цадахъ гьенире рачІана чІухІби-хІакимзабаздасан чанго чиги Павелиде гІайиб гІунтІизабизе вачарав адвокат Тертуллги. РачІун гьез Павелида тІасан сардарасде гІарз бахъана. 2 Павел вачун цеве чІезавидал, Тертуллица байбихьана гьесда ккараб гІайиб бицине. Гьес абуна: – Дур бетІерчІахъаяв Феликс, дуцаги дур тІалаб-агъазалдалъун гьаб нижер халкъалъул гІумруялъулъ ккезарурал лъикІал хиса-басиязгийин ниж щулияб ракълиде рачарал, 3 гьеб киналъухъго кидаго ва кибго нижер кІудияб баркала буго дуе. 4 Цинги, гІемер халат гьабун, дур рахІат хвезабиларо. Гьарула дуда нижер къокъабго гІарзалъухъ, дур сабруялда рекъон, гІинтІамейилан. 5 Нижее баянлъана гьав чи кІудияв вабаалъул унти вугевлъи. Христианазул гьересияб мазгьабалъе бетІерлъиги гьабун, гьас дуниялалда ругелщинал жугьутІазда гьоркьоб питна багъаризабулеб буго. 6 ХІатта гьас къасд гьабуна Мукъадасаб Рукъ хъублъизабизецин, гьенив нижеца ккуна гьав. 7 - 8 Дуцаго гьасул цІех-рех гьабуни, якъинлъила щай нижеца гьасде гІайиб гІунтІизабулеб бугебали. 9 ТІад рекъон, цогидал жугьутІазги абуна гьеб битІараб бугилан. 10 КІалъазе изну бугилан сардарас ишан гьабидал, Павелица абуна: – ГІемерал соназ мун гьаб халкъалда тІад къадилъун вукІин лъалелъул, дун вохун вуго дидаго гІайиб гьечІолъи чІезабун дуда цеве кІалъалев вукІиналдаса. 11 Иерусалималде зияраталъе дун вачІаралдаса анцІила кІиго къо гурони ун букІинчІо. Гьелъул мухІканлъи балагьизе кІвела дуда. 12 Гьеб заманаялда я Мукъадасаб Рокъов, я синагогабазда, я къотІнов ватичІо гьазда дун щивгунниги дагІбадулев, яги гІадамал данделъизарулев. 13 Гьанже диде гІунтІизабулеб бугеб гІайиб тІад чІезабизе кІвезе гьечІо гьазда. 14 Амма дуда цеве дун мукІурав вуго: гьаз гьересияб бугин абулеб Нухдасан ун гьабула дица тІагІат нижер умумузул Аллагьасе. Гьединго дица иман лъола къануналда бугебщиналдеги Аварагзабазул ТІухьдузда хъварабщиналдеги. 15 Гьазул гІадин, дирги хьул буго Аллагьас муъминзабиги мунапикъзабиги хваралъуса рахъинаризе рукІиналде. 16 Гьединлъидал дица хІаракат бахъула Аллагьасда цебеги гІадамазда цебеги дирго яхІ-намус цІунизе. 17 ГІемерал соназ къватІивги вукІун, дун Иерусалималде тІадвуссун вачІана дирго халкъалда гьоркьоса мискин-пакъирасе садакъа кьезеги къурбан хъвезеги. 18 Дунго вацІцІалъизавиялъул гІадат тІубазабулев Мукъадасаб Рокъов вугеб мехалъ ватана гьазда дун. Гьениб дида аскІоб халкъалъул руккелги букІинчІо, щибго ахІи-хІурги букІинчІо. 19 Асиялдаса вачІарав чанго жугьутІасда ватана дун гьенив. Гьеле гьел рукІине кколаан гьанир дуда цере чІун, диде гІунтІизабизе гІайиб бугони, гьеб дуе баян гьабизе. 20 Яги гьаз жидецаго бицине биччанте, кІудияб судалда цеве чІезавидал, дида батараб гІайибалъул. 21 ЦохІого цохІо дица гьениб ахІана: «Хваралъуса тІаде рахъинаризе рукІиналда дун божунилан жакъа нужеца дие суд гьабулеб бугоха!» – ян. 22 ГІисал Нухалъул хІакъалъулъ дагьаб мухІканго лъалев Феликсица абуна, азарилбетІер Лисий вачІинегІан жинца суд нахътІамун толеб бугилан ва гьебмехалъ гьабилин хІукмуйилан. 23 НусилбетІерасеги буюрухъ кьуна Павел жанив тІамизе вачеян, амма гьесие бигьалъи гьабеян ва гьесухъе раккизе рачІарал гІага-божаразеги щибго квекІен гьабугейилан. 24 Чанго къоялдасан рачІун Феликсицаги гьесул чІужу жугьутІай Друзиллацаги, жидехъего ахІун, Павелида бицинабуна МасихІ ГІисал диналъул хІакъалъулъ. 25 РитІухъго хьвадизе ккеялъулги, жиндаго квелъ базе ккеялъулги, Аллагьас суд гьабизе букІиналъулги Павелица бициндал, Феликс хІинкъана. КъваригІараб мехалъ ахІилиланги абун, гьес гьев нахъе витІана. 26 ТІаде жоялъеги гьесда ракІалда букІана Павелица ришваталъе гІарац кьелиланги. Гьединлъидал гІемер ахІулаан гьес Павел жиндихъего, гьевгун гара-чІварулаан. 27 КІиго соналдасан Феликсил бакІалде сардарлъун вачІана Порций Фест. Жиндасаго жугьутІал разиго хутІизелъун, Феликсица Павел туснахъалъувго тана.

25

1 Гьеб вилаяталде сардарлъун тІамун вачІун лъабабилеб къоялъ Къайсарияталдаса Иерусалималде ана Фест. 2 Гьесухъе рачІун бищунго кІудияв кашишасги ягьудиязул чІухІби-хІакимзабазги Павелидасан гІарз бахъана. 3 Гьез гьарана, жидее лъикІлъи гьабун, Павел Иерусалималде вачІинавейилан. Гьезул къотІи букІана гьениве вачунаго нухда Павел чІвазе. 4 Фестица абуна Павел Къайсарияталда туснахъалъув вугилан, гьанже кватІичІого жинда гьениве ине ракІалдаги бугилан. 5 Нужер вакилзабиги рилълъине бегьилила жинда цадахъ, гьев Павелида гІайиб бугеб батани, гьелъул хІакъикъат баян гьабизе. 6 Иерусалималда ичІго-анцІго къогицин бачІого, Къайсарияталде тІадвуссун ана Фест. Гьениве щун кІиабилеб къоялъго, къадиясул тахида гІодовги чІун, гьес амру гьабуна Павел гьаниве вачейилан. 7 Павел вачун вачІана. Иерусалималдаса рачІарал ягьудияз, гьевги сверун ккун, байбихьана гІемерал чІахІиял гІайибал гьесде гІунтІизаризе. Амма цониги гІайиб тІад чІезабизе гІураб хІужжа гьезда батулеб букІинчІо. 8 Живго витІарав вукІин чІезабизе Павелица абуна я жугьутІазул къануналда, я Мукъадасаб Рокъов, яги къайсарасда дандечІун щибниги мунагь ккечІин жиндихъайилан. 9 Амма Фестие бокьун букІана жугьутІал рази гьаризе. Гьединлъидал гьес Павелида гьикъана: – Дур ишалда хурхун дунги гІахьаллъараб судалъ хІукму гьабизе Иерусалималде витІизе бокьилищ дуе? 10 Павелица абуна: – Жакъа дун гьанив къайсарасул судалда цеве чІун вуго, гьединаб къайсарасулаб судалъ къотІизе ккола дие хІукмуги. ЖугьутІазе дица щибниги квешлъи гьабичІо. Дудаги цІакъ лъикІ лъала гьеб. 11 Дун такъсирчи ватани ва чІвазе къотІизе гІураб гІайибги дида ккун батани, хвезе разияв вуго дун. Амма гьаз диде гІунтІизабулеб бугеб гІайиб тІад чІезабизе кІвечІони, лъилниги ихтияр гьечІо дун гьезул кверде кьезе. Къайсар вукІине виччай дие къадилъун! 12 Жиндирго мажлисалда дандги бан, Фестица Павелида абуна: – Къайсар къадилъун вукІине бокьун батани, къайсарасухъе витІила дица мун. 13 Чанго къоялдасан Къайсарияталде Фестие салам кьезе рачІана Агриппа ханги гьесул чІужу Береникаги. 14 Гьез гьениб чанго къо бан хадуб, Фестица ханасе Павелил бицен гьабуна: – Феликсица туснахъалъув тун цо чи вуго гьанив. 15 Дун Иерусалималде щвараб мехалъ, ягьудиязул чІухІби-хІакимзабазги чІахІиял кашишзабазги бицана дида гьасул хІакъалъулъ, гьез гьарана гьасие тамихІалъе хІукму къотІейилан. 16 Амма дица гьезда абуна, жинде гІайиб гІунтІизабулевги жинца гІайиб гІунтІизабулевги данде ахІун ва жинде гІайиб гІунтІизабулесе живго цІунизе ресги кьун, суд гьабичІого чи тамихІалде цІалеб гІадат гьечІин Рималъул халкъалъулилан. 17 Дида цадахъ гьел ягьудиял гьанире рачІун нахъисеб къоялъго, нахъ бахъун течІого, дун къадиясул тахида гІодов чІана ва гьев чи судалде вачейилан амру гьабуна. 18 Амма ягьудияз бицараб жоялдасан дида бичІчІана – дун щаклъун вукІараб цониги квешлъи гьев чияс гьабун гьечІеблъи. 19 Амма гьезул бугоан жидерго диналда хурхараб дагІба-къец. Павелица чІаго вугилан чІезабулеб букІарав, цо кидаялиго хварав кинавалиго ГІисал хІакъалъулъги букІана гьезул дагІба. 20 Гьеб иш кин тІубалебали лъачІого, дица гьесда гьикъана, Иерусалималде витІун, гьенив судалда цеве чІезе бокьилищилан. 21 Императорас суд гьабизегІан гьанивго тейилан Павелица гьаридал, дица гьев Къайсарияталдаго тана, къайсарасухъе витІизе рес ккезегІан. 22 Гьев чиясухъ гІенеккизе диеги бокьилаанилан абуна Агриппаца Фестида. Фестица абуна метер рагІилин дуда гьес щиб бицунаяли. 23 Нахъисеб къоялъ чІухІараб къагІидаялъ къачІа-кІатІан Агриппаги, Береникаги, азарилбутІрулги ва шагьаралъул чІухІби-хІакимзабиги цадахъ рачун, суд гьабулеб рокъове лъугьун гІодов чІедал, Фестица амру гьабуна Павел вачун рачІайилан. 24 Цинги Фестица абуна: – Я, Агриппа хан ва гьанир ругел цогидалги! Нужеда цеве вугев гьав чиясдасан гІарз бачІун буго Иерусалималда ругелги гьанир ругелги жугьутІазул тІолабго жамагІаталъ. Гьав чІаго тезе бегьуларилангицин ахІулеб букІана гьез. 25 Дида ракІалде ккола чІвазе къотІизе гІураб гІайиб гьасул гьечІилан. Къайсарасул судалде витІейилан гьарулеб бугелъул, дица хІукму гьабуна гьав гьениве витІизе. 26 Амма гьасул хІакъалъулъ щибилан бетІерчІахъаяв къайсарасухъе хъвалебали лъаларо. Гьединлъидал дица гьав гьаниве вачана нуж киназдаго цеве чІезе, хасго дуда цеве чІезе, Агриппа хан. Гьаниб цІех-рехалдасан баянлъизеги бегьула къайсарасухъе щиб хъвалебали. 27 ТІад чІезабураб гІайиб бихьизабичІого, туснахъ къайсарасухъе витІизе рекъон букІинарилан кколеб буго дида.

26

1 – Гьанже бицеха дурго, – ян абуна Агриппаца Павелида. Кверги борхун, Павелица байбихьана жиндаго гІайиб гьечІолъи чІезабизе: 2 – Я, Агриппа хан! Жакъа дица талихІлъун рикІкІунеб буго жугьутІаз диде гІунтІизабураб гІайиб битІараб гьечІеблъи чІезабизе дуда цеве кІалъазе рес щвей. 3 Хасго дуда цІакъ лъикІ лъала жугьутІазул киналго гІадаталги гьезул рукІунел дагІба-къецалъул суалалги. Гьединлъидал гьарулеб буго дица дуда сабруялда дихъ гІенеккейилан. 4 Киналго жугьутІазда лъала гІолохъанаб мехалдаса нахъего дирго халкъалда гьоркьобги хадуб Иерусалималдаги кинаб гІумру дир букІарабали. 5 Гьезда цебего лъала дун фарисеяв вукІаравлъи, ай нижер диналъул тІалабал кьуричІого тІуразарулел рукІараблъи. Гьединлъидал, гьезие бокьани, гьелъие нугІлъиги гьабила гьез. 6 Жакъа дун судалда цеве чІезавун вуго Аллагьас нижер умумузе гьабун букІараб къотІи тІубаялде хьул лъурав чи вугилан. 7 Гьеб къотІи тІубазе букІиналде хьул лъун къасиги къадги тІадчІун Аллагьасе гІибадат гьабулеб буго нижер анцІила кІиго наслуялъ. Я дир хан, гьеле гьединаб хьул дирги бугилан гІайиб гІунтІизабулеб буго диде жугьутІаз. 8 Аллагьас хварал тІаде рахъинари букІунеб-лъугьунеб жоцин гурилан абураб пикру щай нужелъ бугеб? 9 Дидаги ракІалде кколаан Назареталдаса ГІисада дандечІун гІемераб жо гьабизе кколилан. 10 Дица гьедин гьабизеги гьабуна Иерусалималда, чІахІиял кашишзабаз ихтиярги кьун, иман лъуразул гІемерал гІадамал туснахъалъуре рехана дица. Гьел чІвалеб мехалъги, разияв вугилан квер борхана дица. 11 Киналго синагогабазухъе ун, чанги тамихІ гьабуна дица гьезие, гьеб дин какизе тІамуна ва гьездехун букІараб ццидал кутакалъ дун тІамуна, цогидал шагьаразде унги, гьезие гІазаб-гІакъуба кьезе. 12 Гьеле гьедин чІахІиял кашишзабаз ихтиярги кьун, гьезул вакиллъун Дамаскалде унев вукІана дун. 13 Бакъул канлъиялдаса гІемерго гвангъараб нур рещтІана, хан, къалъул гІужалда зобалаздасан дидеги дида цадахъ рукІараздеги. 14 Гьебмехалъ ниж киналго гІодор ккана. Цинги дида рагІана жугьутІ мацІалда кІалъалеб гьаракь. «Шаул! Шаул! – абун ахІана гьес. – Щай дуца дие гьаб гІазаб-гІакъуба кьолеб бугеб? ГІебутІа зар базе бажариларо духъа». 15 «Мун щив, бетІерчІахъад?» – абун гьикъана дица. «Дун вуго дуца гІазаб-гІакъуба кьолеб бугев ГІиса, – ян абуна ТІадегІанас. – 16 ТІаде вахъун, вахъун чІа гьанже! Дун духъе рещтІана, мун дие хъулухъ гьабизе тІамизе, дуда бихьарабги дуда дица бихьизабизе бугебги бицине тІамизе. 17 Дица мун дурго халкъалдаса хвасар гьавила ва мун дица жидехъе витІизе вугел цогидал халкъаздасаги хвасар гьавила. 18 Дуца гьезул беразда канлъи бихьизабила, бецІлъиялдаса канлъуде рачина, илбисалъул къуваталдаса рорчІун Аллагьасде руссинарила ва, мунагьал чурун, гьезиеги, дида божиялъ жал рацІцІалъарал чагІазего гІадин, бутІа насиблъизе бугиланги лъазабила». 19 Гьединлъидал, Агриппа хан, зобалаздасан илгьам лъугьун дие гьабураб амру тІубазабичІого чІечІо дун. 20 Цин Дамаскалда ругезда, цинги Иерусалималда ругезда ва тІолабго Ягьудиялъул улкаялда, гьединго цогидал халкъазул гІадамаздаги лъазабуна дица кантІун Аллагьасде руссаян ва нужер тавбу биххиларедухъ хьвадеян. 21 Гьеб сабаблъунин дун Мукъадасаб Рокъов жугьутІаз тІад речІчІун ккурав ва чІвазехъин вукІарав. 22 Аллагьасул квербакъиялдалъун къечІо дун гьаб жакъа къоялде щвезегІан. ГІисиналгунги чІахІиялгунги гара-чІварулаго, дица щибниги бицинчІо Мусацаги цогидал аварагзабазги хадуб ккезе бугелъул хІакъалъулъ цебеккунго бихьизабун букІаралдаса батІияб жо. 23 Гьез абун букІана МасихІ ГІисае гІазаб-гІакъуба кьезе бугилан, хваразда гьоркьоса тІоцеве тІаде вахъинеги вугилан ва нижер халкъалдаги цогидал халкъаздаги Нур бихьизе бугилан. 24 Гьедин живго вацІцІад гьавун кІалъалев Павел вугеб мехалъ, Фест гьесде ахІана: – Павел, мун гІадаллъун вуго. ГІелмуялъул кутакалъ бетІер сверизабун буго дур! – абун. 25 – Дун гІадаллъун гьечІо, бетерчІахъаяв Фест, – абун жаваб кьуна гьесие Павелица. – Гьаб дир рагІи битІарабги буго, цІодорабги буго! 26 Агриппа ханасда цІакъ лъикІ лъалелъул гьадинал ишазул хІакъикъат, хІинкъичІого гьесдехун кІалъалев вуго дун. Гьаб ишалъулъ щибго балъгояб жо хутІун батиларо гьесие, бецІаб бокІнилъ гурелъул гьеб кинабго ккараб. 27 Мун аварагзабазда божулевищ, Агриппа хан? Дидани лъала мун божулевлъи. 28 Гьебмехалъ Агриппаца Павелида абуна: – Дун христианавлъун лъугьинави гьедигІан бигьаяб ишиланищ дуда ккараб? Павелица абуна: 29 – Бигьа букІаниги, захІмат букІаниги, дица Аллагьасда гьарилаан цо мун гуревги, гьанир дихъ гІенеккун ругел киналго гІадамалги дун гІадиналлъун лъугьагийилан. Рахсаца вухь-вухьарав туснахълъун гуревха! 30 Гьебмехалъ ханги, гьесдаго цадахъ сардарги, Береникаги, гьенир рукІарал гІадамалги тІаде рахъун къватІире ана. 31 – ЧІвазе къотІизе яги туснахъалъув тІамизе гІураб гІайиб гьечІо гьадав чиясда, – ян абулеб букІана гьез цоцазда. 32 Цинги Агриппаца Фестида абуна: – ГьабсагІатго туснахъалъуса къватІиве виччазе бегьилаан дов, къайсарасул суд дос тІалаб гьабулеб гьечІебани.

27

1 Гамида рекІун Италиялде ине нижер хІукму ккедал, Павелги цогидал туснахъалги рачун витІана къайсарасул полкалдаса нусилбетІер Юлий. 2 Ралъдал рагІалда ругел Асиялъул шагьаразде ине къачІан букІараб Адрамиттиялъул гамида рекІана ниж. Нижеда цадахъ вукІана Фессалоникаялдаса македонияв Аристархги. 3 Нахъисеб къоялъ ниж Сидоналде щвана. Павелида гурхІун, Юлийица гьев жиндирго гьудулзабазухъе ине виччана, гьезги Павелие къваригІара-тараб кьезе. 4 Кутакалда данде пулеб гьури бахъиндал, гьениса нижер гама Кипралъул къилбаялъул рахъалдасан ун, 5 Киликиялъул ва Памфилиялъул ракьалда бугеб ралъадги къотІун, Ликиялъул шагьар Мираялде щвана. 6 Гьениб нусилбетІерасда батана Италиялде унеб Искандарияталъул гама. Гьелда рекІинаруна гьес ниж. 7 Чанго къоялъ аниги, кІудияб манзилго нахъа тезе бажаричІо нижер гамида ва хІалицаго Книдалде рорчІана. Кутакаб гьороца церехун риччалел рукІинчІелъул, Крит чІинкІиллъиялъул гьородаса цІунараб рахъалдасан, Салмонаялъул мицІиралда цебесан бачине ккана гама. 8 ЧІинкІиллъиялъул рагІалдасан лъедон, гІемераб къоги бихьун, ахирги щвана Ласея шагьаралда аскІоб бугеб ЛъикІаб Гавань абулеб бакІалде. 9 Гьедин гІезегІан мех индал, ГурхІиялъул къо абураб жугьутІазул динияб байрам лъугІараб заманги букІун, хадурккун церехун лъедезе хІинкъи бугеб хІал лъугьана. 10 Павелица абуна: – Дихъ гІенекке нуж! ТалихІ къараб сапар бугин ккола дида гьаб. Гамие ва гьелда тІад бугеб къайиялъе гуребги, гІадамазегицин зарал ккеялда хІинкъи буго. 11 Амма нусилбетІерас Павелил гьел рагІаби гІадахъ росичІо, капитанасдаги гамил бетІергьанасдаги божана гьев. 12 Хаселалъго гьенир чІезе санагІалъи бугеб гавань букІинчІо гьеб. Гьединлъидал гІемериселги разилъун, хІукму гьабуна нахъеги ралъдалъе рахъине ва Крит чІинкІиллъиялъул къилбаялъулабги севералъулабги рахъалдасан бакътІерхьуде балагьараб Финиксалъул гаваналде рорчІуларищали хІалбихьизе, цинги хаселги гьениб тІамизе. 13 Къилбаялдасахун тІадагьаб гьури пуйзе байбихьараб мехалъ, гьезда ракІалде ккана гьанже бугин бищунго санагІатаб заманилан. Цинги якорьги тІаде харцІун, Криталъул рагІалдасан лъедезе лъугьана нижер гама. 14 - 15 Амма гІемер заман иналдего, чІинкІиллъиялдасахун северияб бакъбаккул рахъалдасан гьалагаб гьури речІчІана гамида ва гьебгун къеркьезе къуват гІечІелъул, бергьараб гьороца жиндие бокьаралъубе бачун унеб букІана нижер гама. 16 Кавда абулеб цо гьитІинабго чІинкІиллъиялъул гьури гьечІеб рахъалдасан ана ниж. Гьениб хІалицаго кІвана гъанкъиялда хІинкъи бугеб мехалъ пайда босулеб раса щула гьабизе. Гамида тІаде босун, гъоркьан рачун квараз бухьана гьеб гамида. 17 ТІадгояб бакІалда салулъ къачІого рорчІилародайилан хьулалъ, нижеца лъадалъе биччана гама лъеда тІад чІезабулеб хасаб алат. Гьебмехалъги гьороца цебехун хъамулеб букІана нижер гама. 18 Гьороца гама рахъ-рахъалде кьабезабулеб букІиндал, нахъисеб къоялъ байбихьана гамида букІараб къайи ралъдалъе базе. 19 Лъабабилеб къоялъин абуни, гамие къваригІунеб тІагІел-алатги рехана гьез жалго лъугьун ралъдалъе. 20 Чанго къоялъ нижеда я бакъул гордо бихьичІо, я цІваби рихьичІо. Гьуриги гьалаглъулебго гьалаглъулеб букІана. Хвасарлъиялдаса хьулго къотІана нижер. 21 Чанго къо бана щивниги кваначІелдаса нахъе. Гьебмехалъ тІаде вахъун Павелица абуна: – ГІенекке, гІадамал! Криталдаго чІайилан абулеб букІана дица нужеда, добмехалъ нуж дир рагІухъ гІенеккун рукІаралани, гьаб балагьги бачІинароан, гьадинаб кІудияб заралги ккелароан. 22 Гьанже дица нужеда гьарулеб буго къвакІун чІайилан. Нужер щивниги хвезе гьечІо, амма гама щущан ина. 23 Дица жинде иман лъолев ва лагълъи гьабулев Аллагьасул малаик вачІун, нолъ гьес дида абуна: 24 «Мун хІинкъуге, Павел. Аллагьас рагІи кьолеб буго мун къайсарасда цеве чІезе вачинилан ва дуда цадахъ ругезеги дуе бокьараб ккезе бугилан». 25 Гьединлъидал, дир гьудулзаби, нуж къвакІун чІа. Дун дирго Аллагьасда божула. Гьес дие илгьам гьабухъе ккезе буго кинабго. 26 Цо кинаб бугониги чІинкІиллъиялде рехила нилъ карачалабаз. 27 КъватІире рахъун анцІила ункъабилеб сордоялъ Адриатикаялда гьороца добе рехун, гьанибе рехун, кьабелеб букІана нижер гама. Сордо бащалъулеб гІужалъ гамихъабазда бичІчІана ракъдаде гІагарлъулел рукІин. 28 Лъадал гъварилъи борцараб мехалъ, кІикъого метр гурони батичІо тІиналде щвезе. Цо заманаялдасан нахъеги борциндал, лъеберго метралде ккун батана. 29 Гама кьурабазда тункизе гурилан, ункъо якорь биччана тІиналде ва сордо хехго рогьагиян гьарделел рукІана. 30 Гьебмехалъ гамихъабаз къасд гьабуна гамидаса лъутизе. Гамил цебесеб рахъалдасан якорь рехизе бокьун бугиланги абун, ралъдалъе раса биччазе лъугьана гьел. 31 Амма Павелица нусилбетІерасдаги рагъухъабаздаги абуна, гьел гамида чІечІони, нилъ хвасарлъуларилан. 32 Гьебмехалъ рагъухъабаз къотІун рехана раса гамидехун бухьун букІарал кварал ва гьеб расаги лъадалъе бортун ана. 33 ХъахІлъи балеб мехалъ, Павелица киназдаго лъазабуна гьанжегІаги кваназе ккелилан. Гьес абуна: – Жакъа анцІила ункъабилеб къо буго нуж кваначІого чІун. 34 Гьединлъидал дица нужеда гьарулеб буго: цо щиб букІаниги кванай, нужерго рухІ хвасарлъиялъе, нужер бутІруздаса цониги рас бортизе гьечІебин. 35 Гьединги абун, цо чед кодобе босана Павелица, цинги киназдаго рагІун Аллагьасе реццги гьабун, бекунго бекун гьеб квине лъугьана. 36 Киналго чІинкьа-кІитІун, аваданлъун лъугьана, кваназе байбихьана. 37 (Гамида тІад вукІана кинавниги кІинусиялда лъабкъоялда анцІила анлъго чи.) 38 Кванан рахъараб мехалъ, гьез байбихьана гамида букІараб ролъги лъадалъе бан, гьеб тІадагьлъизабизе. 39 Рогьараб мехалъги лъачІо гьезда щиб ракь гьебали батІа бахъизе: ралъдал цо квачІалъул рагІалда бихьулеб букІана салуца бацараб ракъдаллъи. Гама гьенибе бачине бажаруларищали хал гьабуна. 40 Якорал, гамидаса ратІа гьарун, ралъдалъе риччана. Руль щула гьабун букІараб кварги къотІун, гамил цебесеб рахъалда дугъ борхизабуна гьеб сагІаталъго. Гьури жаниб багъулеб хІалалъ гьеб дугъги рекъезабун, рагІалдехун балагьун бачана гама. 41 Амма тІадгояб бакІалде ккана. Гамил цебесеб рахъ салулъ къана, гьанже чІахІиял карачалабаз цоцалъа бахъулеб букІана гамил нахъисеб рахъ. 42 Гьениб рагъухъабаз хІукму гьабуна туснахъал чІван лъикІилан, лъедон ун цонигияв гьезухъа ворчІизе гурилан хІинкъун. 43 Амма Павелил гІумру хвасар гьабизе бокьун, нусилбетІерас гьел чІвазе риччачІо. Лъедезе лъалел чагІи, тІоцере ралъдалъе кІанцІун, ракъдаде рорчІуларищали хал гьабеян буюрухъ кьуна гьес. 44 Цогидазе амру гьабуна хъарщазда ва гамил тІагІел-алаталда хурхун жинда цадахъ рагІалде рахъине хІаракат бахъейилан. Гьедин киналго ракъдаде рорчІана.

28

1 Ракъдаде рорчІидал, нижеда лъана гьеб чІинкІиллъиялда цІар Мальта букІин. 2 Гьеб ракьалъул гІадамаз гІемерго лъикІаб гьоболлъи гьабуна нижее. ЦІад балеб букІиндал, квачалелги рукІана ниж. ГьебсагІат цІаялги ракун, хинлъизе цІадухъе рачана гьез ниж. 3 Къвал цІун босун бачІун, хьоп-хъарахъ цІадабе балев вукІарав Павелил кверда хІанчІана цІадул бухІиялдаса хІинкъун къватІибе шурун бачІараб борхьица. 4 Гьесул квералда далун чІараб борохь бихьидал, гьел гІадамаз цоцазда абулеб бугоан гьав чи чІвадарухъан ватилилан. Бихьуларищила, ралъдалъ гъанкъиялдаса хвасарлъаниги, гьаниб ракъдадаги ритІухълъи бергьун, гьанже гьев гІумруялдаса махІрумлъизехъин вугила. 5 ХьвагІун квергун, цІадабе бортизабуна Павелица гьеб борохь. КигІан дагьабниги унтиги лъачІо гьесда. 6 Мальтаялъул гІадамазда ракІалде ккана гьабсагІат гьесул квер гьоролин яги гьев хун ракьалде щапун инин. Гьесие щиб кколебали тІаса бер босичІого ралагьун чІун рукІана гьел лъикІалан заманаялъ. Амма щибниги лъугьинчІо гьесие. Гьебмехалъ батІияб пикру гьабуна гьел гІадамаз: гьев аллагь вугилан тана гьез. 7 Гьениб гІагардаго букІана гьеб чІинкІиллъиялъул сардар Публийил мина-мулк. Гьес ниж жиндихъего рачана ва лъабго къоялъ гьениб лъикІаб гьоболлъи гьабуна. 8 Публийил эмен ватана, бакъул унтиялъги риххалил унтиялъги тату хун, бусаде ккун. Гьесде ваккизе ун, Павелица дугІа гьабуна ва тІад квер лъун гьев сахлъизавуна. 9 Гьелъул хабар рагІун, чІинкІиллъиялда рукІарал цогидал унтаралги рачІана гьесухъе. Гьелги сахлъизаруна Павелица. 10 Гьеб чІинкІиллъиялъул гІадамаз цІакъаб адаб-хІурмат гьабуна нижер. Гамида рекІун гьениса нахъе унеб мехалъ нухда босизе къваригІара-тарабги кьуна гьез нижее. 11 Лъабго моцІидасан рахана ниж гамиде. Хаселалъго гьениб хутІараб Искандарияталъулаб гама букІана гьеб, Диоскуразул – «КІиго цадахъ гьаруразул» цІарги лъураб. 12 Сиракузиялде щун, гьенибги бана лъабго къо. 13 Гьениса рахъун, Сицилиялъул рагІалдасан лъедон, Региялде щвана. Цо къо гьениб бараб мехалъ, къилбаялъул гьури пуйзе байбихьидал, ралъдалъе бахъана нижер гама ва нахъисеб къоялъ Путеолиялде щвана. 14 Гьенир ратарал вацазул гьари къабул гьабун цо анкь гьезда аскІобги бана. Гьале ниж Рималде щвана. 15 Рималда ругел вацазда нижер хабар рагІун, гьел данде рачІана Аппийил Базаралде ва «Лъабго Петер» абулеб бакІалдеги щвезегІан. Гьел рихьараб мехалъ мугъзал чІоло битІана Павелил, Аллагьасе рецц гьабуна гьес. 16 Рималда Павелие изну кьуна туснахъаздаса ватІаго чІезе, амма цо рагъухъан тана гьесда аскІов хъаравуллъун. 17 Лъабго къоялдасан гьес гьенир ругел жугьутІазул бищунго къадру-къимат бугел гІадамал данде ракІарана. РачІун гьел данделъидал, Павелица гьезда абуна: – Я, вацал! Нилъер халкъалда яги нилъер умумузул гІадатазда дандечІун дица гьабураб кигІан гьитІинабниги квешлъи гьечІониги, Иерусалималда дун туснахъалъув тІамуна ва Рималдаса хІакимзабазухъе кьуна. 18 Гьез дир ишалъул цІех-рех гьабуна, амма чІвазе къотІизе гІураб гІайиб-хатІа батичІелъул, нахъе виччазехъин вукІана. 19 ЖугьутІал гьелда дандечІедал, дун къайсарасухъе витІейилан гьаризе ккана дица. Амма дирго халкъалда гІайиб чІвазе гуребха! 20 Гьединлъидалин дица нужеда гьарараб гьанире данделъеян ва дица бицаралъухъ гІенеккеян. ХІакъикъаталдайин абуни, гьал рахсаца дун вухьун вукІиналъе гІиллалъун вуго Жив вачІинилан Исраилил халкъалъул хьул бугев чи. 21 Гьез Павелида абуна: – Дур хІакъалъулъ нижехъе Ягьудиялдаса цониги кагъатги бачІинчІо, гьениса вачІарав цониги чияс дур рахъалъ квешаб хабарги бачІинчІо, квешаб рагІи жинцагоги абичІо. 22 Амма нижее бокьун буго дур пикруялъухъ гІенеккизе. Гьеб мазгьабалъул хІакъалъулъни нижеда рагІана, киса-кибего халкъ гьелда дандечІун гаргадулеб бугилан. 23 Цинги гьез къотІи гьабуна цо пуланаб къоялъ гьесухъе рачІине. ЦІакъ гІемерал гІадамал рачІана гьеб къоялъ Павелихъ гІенеккизе. Рогьаралдаса рукІкІинегІан Аллагьасул ПарччахІлъиялъул хІакъалъулъ бицана гьес гьезие. Мусал къануналдасаги Аварагзабазул ТІухьдуздасаги мисалалги рачун, ГІисал хІакъалъулъ бицана. 24 Цоял божана гьес бицаралда, цогидал божичІо. 25 – Илагьияб РухІалъ малъун, Ишая аварагас цІакъ битІун абун буго нужер умумузул хІакъалъулъ, – гьедин байбихьун Павелица гьездехун хитІаб гьабураб мехалъ цоцалъ дагІбадана, къацандана гьел ва рахъун къватІире ана. 26 Ишая аварагас гьадин абун бугилан бицана Павелица: – «Гьеб халкъалъухъе ун, гьезда абе дуца: гІиналда рагІаниги, нужеда бичІчІиларо, бералда бихьаниги, нужеда лъаларо. 27 Щайгурелъул гьаб халкъалъул ракІалги согІлъун руго, гІундулги гъугълъун руго, бералги къанщун руго гьез. Гьез гьедин гьабулеб буго беразда канлъи бихьунгутІизе, гІундузда рагІи рагІунгутІизе, рекІелъе щибго босунгутІизе, дица сахлъизаризе дихъе нахъруссунгутІизе». 28 - 29 Гьединлъидал нужеда лъан букІа: цогидал халкъазе Аллагьас хвасарлъи битІун бачІун буго. Гьеле гьезда рагІизе буго! 30 Жинцаго мухьдахъ ккураб гьеб рокъоб тІубараб кІиго лъагІел бана Павелица. ТІаде рачІаралщиналги къабул гьарулаан гьес. 31 Лъилниги квекІен гьечІого ва расги хІинкъичІого бицунеб букІана гьес Аллагьасул ПарччахІлъиялъул хІакъалъулъги ТІадегІанав МасихІ ГІисал хІакъалъулъги.