Тимофейихъе 2

1

1 Аллагьасе бокьун МасихІ ГІисал чапарлъун лъугьарав Аллагьас гІаламалъе кьелин абун букІараб ва гьанже МасихІ ГІисадалъун загьирлъараб абадияб гІумруялъул хІакъалъулъ Хабар бицине витІарав Павелил рахъалдасан 2 дие хирияв вас Тимофейиде. Эмен – Аллагьасдасан ва нилъер ТІадегІанав МасихІ ГІисадасан рекъел, баркат ва гурхІел насиблъаги дуе! 3 Къасиги къадги гьоркьоса къотІичІого дир щибаб гьари-дугІаялъулъ мун ракІалде щвараб мехалъ, дица рецц гьабула дир умумузго гІадин, ракІбацІцІадго жиндие хъулухъ гьабулев Аллагьасе. 4 Дида ракІалда буго дур бадисан чвахараб магІу, ва дун урхъун вуго, мунги вихьун, ракІ-ракІалъго вохизе щвеялъухъ. 5 Дида ракІалде щола дур унго-унгояб божи-иман. Гьеб цебего тІинкІана дур кІодо Лоидал ва дур эбел Эвникал рекІелъе. Дир ракІчІола дур рекІелъги гьеб букІиналда. 6 Гьеле гьединлъидал дица дуда ракІалде щвезабулеб буго: дица тІад квер лъун Аллагьасдасан дулъе лъугьараб махщел-гьунаралъул цІа боркьизабе. 7 Аллагьас нилъее хІинкъун чІеялъул гуреб, къуваталъул, рокьул ва цІодорлъиялъул рухІин кьун бугеб. 8 Мун рекІекълъуге нилъер ТІадегІанасул хІакъалъулъ нугІлъи гьабулеб букІиналдасаги, гьесде иман лъей сабаблъун дун туснахъалда вукІиналдасаги намуслъуге. Аллагьас дуеги сабру кьун бугелъул, дуцаги хІехье Рохалил хабар сабаблъун дие бугеб гІадинаб гІазаб-гІакъуба. 9 ТІасаги рищун, гьес нилъ хвасар гьаруна ва рацІцІалъейилан лъазабуна, нилъер ишазухъ балагьун гуреб, гьесие бокьидал ва нилъеда гурхІидал. МасихІ ГІисадалъун гьеб баркат нилъее Аллагьас кьун букІана дуниял бижилелдего. 10 Гьанже гьеб загьирлъана нилъ хвасар гьарурав МасихІ ГІиса вачІиналдалъун. Гьес хвел хвезабуна ва Рохалил хабар рещтІарабго гІаламалъе абадияб гІумруги загьирлъизабуна. 11 Гьеб Рохалил хабар бицине чапарлъун, илчилъун ва мугІалимлъун витІана Аллагьас дун. 12 Гьеб сабаблъунин дица гьадинаб гІазаб-гІакъуба хІехьолеб бугеб. Амма дун гьелдаса рекІекълъуларо. Дида лъала лъида дун божаравали ва дир ракІчІола диде божилъи гьабураб жо гьес Къиямасеб къо чІезегІан цІунизе букІиналда. 13 Дица дуда малъарал хІакъал рагІаби кьуричІого ккве дуца. Риччанте гьел дуе мисаллъун рукІине. МасихІ ГІисагун цолъун, божиги рокьиги цІуне. 14 Нилъелъ бугеб Илагьияб РухІалъул къуваталдалъун дуде божилъи гьабураб лъикІабщинабги цІуне. 15 Дуда лъала Асия вилаяталда киназго, гьездаго цадахъ Фигелицаги Гьермогеницаги, диде мугъ рехараблъи. 16 БетІергьанасул цІоб лъеги Онесифорил кинабго рукъалъул агьлуялда: чанги дир рекІее хІалхьи лъугьинабуна гьес ва дун туснахъалда вукІиналдасаги намуслъичІо. 17 Рималде вачІараб мехалъ, дун валагьизе хІаракат бахъана ахирги дун ватизегІан. 18 Къиямасеб къоялъ БетІергьан гурхІаги гьесда! Эфесалда гьес дие гьабунщинаб кумек лъидасаго лъикІ лъала дуда.

2

1 Аллагьасул баркаталъул къуват-гуч гьарзаго щвезе ккола, дир вас, дуе. Гьеб нилъее щола МасихІ ГІисаде цолъиялдалъун. 2 ЦІакъго гІемерал нугІзал ругеб бакІалда дидасан дуда рагІанщинаб жо дуца бице божизеги бегьулел, цогидазда малъизе махщелги бугел гІадамазда. 3 МасихІ ГІисал ритІухъав рагъухъанас гІадин, гІазаб-гІакъуба хІехьезе хІадурго вукІа. 4 Чабхъеналда гІахьаллъарав рагъухъан магІишатиял ишазде машгъуллъуларо, жив бодулъе ахІарав цевехъан разилъизавизе хІаракат бахъула гьес. 5 Гугарухъанасеги бергьенлъиялъул гор щоларо, букІине кколеб къагІидаялъ гьев гугаричІони. 6 Гьединго гІетІ тІун хІалтІарав хурухъанасеги тІоцебе щвезе ккола хуриса бачІаралъул бутІа. 7 Дир рагІабазул пикру гьабе дуца. Кинабго бичІчІизе кумек гьабила дуе ТІадегІанас. 8 Давудил наслуялъул вас ГІиса МасихІ ракІалдаса ине виччаге. Гьев хваралъуса вахъиналъул бицунеб Рохалил хабар тІибитІизабулеб буго дица. 9 Гьеб сабаблъун гІазаб буго дие – такъсирчиясда кинигин, рахсал ран руго. Амма Аллагьасул каламалда рахсал разе кІоларо! 10 Гьединлъидал дица кинабго хІехьолеб буго тІаса рищаразе гІоло – МасихІ ГІисаде цолъун, гьезие абадияб къудратги хвасарлъиги щвезе. 11 ЦІакъ ритІухъал рагІаби руго: Гьесда цадахъ нилъ хун ратани, Гьесда цадахъ чІагоги рукІина, 12 Нилъеца хІехьолеб бугони, Гьесда цадахъ парччахІлъиги гьабизе буго, Нилъеца Гьесдаса инкар гьабуни, Гьесги нилъедаса инкар гьабила, 13 Нилъеда божизе бегьичІониги, Гьесда божизе бегьула, Жинцаго жиндасаго инкар гьабизе кІоларелъул Гьесда. 14 Гьездаги ракІалде щвезабе гьеб. Аллагьасда цебе кидаго кьварун лъазабе гьезда гьодорал рагІабазул рахъалъ дагІба-къец гьабугейилан. ГІенеккаразе гьелдасан, къосин гурони, пайда гьечІо. 15 Мун гІазаб-гІакъуба хІехьарав чи вугелъул, кІвараб хІалалъ хІаракат бахъе Аллагь разилъизавизе. ЗахІматалдаса намуслъизе бакІ гьечІев ва хІакъаб рагІи гурони бицунарев хІалтІухъанлъун вукІа. 16 Иман гьечІел ва гьодорал харбал рикІкІад гьаре. Гьез гІадамал Аллагьасдаса цІакъго рикІкІалъизарула. 17 ГьересинасихІатчагІазул рагІаби тІиритІула, чорхол цо лага хьордони, цогидал лугбуздеги гьеб бахунеб гІадин. Гьединазда гьоркьор руго Гименейги Филетги, 18 – гьел хІакъаб нухдаса тарун руго ва гьез абулеб буго гІалам гьанжего хваралъуса бахъун бугилан, гьелдалъун цо-цоязул божи-иман кІалагъоркье чІвалеб буго. 19 Амма Аллагьас тІамураб кьучІ щулияб буго, кьуричІого чІун буго, «Аллагьасда жиндиралго лъала» ва «БетІергьанасул цІар рехсаравщинав чи квешлъиялдаса рикІкІалъе!» абурал рагІабазул мугьруги буго гьеб кьучІалда. 20 Бечедаб рокъоб, гІарац-меседалъул гуребги, цІулал ва щагІил цІарагІги букІуна. Гьезул цояздасан щибаб къойил пайда босула, цогидал тун рукІуна бертин-тоялъул къоялъ къватІире рахъизе. 21 Квешабщиналдаса вацІцІад чІарав чи релълъуна гьединаб, цо хирияб къоялъе къачІан бугеб цІарагІалда. Гьеб бацІцІадго хутІула, бетІергьанасе гьелдаса пайда бахуна ва лъикІалщинал ишазе ярагьуна. 22 ГІолохъанаб мехалда рекІелъе лъугьунел квешал къасдаздаса рикІкІалъе. РакІбацІцІадго ТІадегІанасе тІагІат-гІибадат гьабулезда цадахъ хІаракат бахъе ритІухълъи, божи-иман, рокьи ва рекъел нужелъго хутІизе. 23 ГІадалаб ва жагьилаб дагІба-рагІиялдаса рикІкІалъе, дуда лъала гьелъ кьалде рачунеблъи. 24 ТІадегІанасе хъулухъ гьабулев чиясда рекъараб гьечІо гьелда гьоркьов гІахьаллъизе. Гьев вукІине ккола киназдехунго ракІлъикІав, малъизе бажарулев ва сабруяв чи. 25 Жинде дандечІаразеги гьес хІеренго-хІалимго гьабизе ккола насихІат. Щиб лъалеб, жидеца гьабуралдаса рекІекълъизе тІамила Аллагьас гьел ва хІакъабщинаб лъаялде рачина. 26 Цинги гьел кантІила, илбисалъул амруялъе мутІигІлъиялдалъун гьел ккун рукІараб къорикьа рорчІила.

3

1 Цоги дуда лъай, Къиямасеб къоялде гІагарлъидал, захІматаб заман бачІине букІин. 2 ГІадамазе цохІо жалго рокьила, гІарацги бокьила, жалго жидецаго реццила; гІамал кІодолъила, хъачІал рагІаби абила; эбел-инсухъ гІенеккиларо, баркала лъаларо, иман-диналдаса ратІалъила. 3 Гьел рукІина рекІелъ рокьиги гурхІелги гьечІел, мацІ гьабулел, пасатал, гІасиял, лъикІлъи рихарал, 4 хиянат гьабулел, тІасанккарал, чІухІарал чагІи. Аллагь разилъизавичІого, жидерго чурхдул разилъизарила. 5 Рихьдаего Аллагьасда божулеллъун чІела, хІакъикъаталдайин абуни, гьез божи-иман гІадахъ босуларо. Гьединал гІадамаздаса рикІкІад чІа мун. 6 Гьездаго релълъарал руго гьанже цо-цо гІадамал. Чияр рукъзабахъе лъугьун, гьез жидеего мутІигІ гьарула мунагьазул гьир бакІлъарал, батІи-батІиял къасдаз къосинарурал, тохал руччаби. 7 Гьел руччаби кидаго цо щибалиго лъазабизейилан лъугьуна, амма киданиги хІакъабщиналда нахъгІунтІуларо. 8 Мусаде данде Яннесги Ямбресги чІарал гІадин, пасатаб пикруялъул гьел гІадамалги хІакъабщиналде дандечІун руго. Гьодораб батана гьезул божи-иман. 9 Амма гьезул иш битІун ккеларо. Дол кІиязулго гІантлъиго гІадин, гьезул гІантлъиги къватІибе загьирлъила! 10 - 11 НасихІатал, хьвада-чІвади, цебе лъураб мурад, божи-иман, сабру, рокьи ва къохІехьей, гьединго Антиохиялда, Икониялда ва Листраялда дица хІехьезе ккараб хадурчІей ва гІазаб-гІакъуба – гьезул кинаб босун хал гьабуниги, мун кидаго дида хьолбохъ вукІана. Гьеб кинабгоги гІазаб-гІакъубаялдаса ТІадегІанас ворчІизавуна дун! 12 МасихІ ГІисаде цолъун, бацІцІадго гІумру гьабизе бокьаралщиназеги букІине буго гьединаб гІазаб-гІакъуба. 13 Амма квешлъиги хІилла-рекІкІги гьабулел гІадамал дагьабги квешалде ина. Гьезги гуккулел руго – гьелги гуккулел руго. 14 Мунго чІа дудаго малъарабги тІубанго дур рекІеца къабул гьабурабги ккун. Дуда лъала дур мугІалимзаби щалали. 15 Лъимерлъудасаго лъана дуда Хириял ТІухьдул. Гьел ТІухьдузул гІакъиллъиялда кІола МасихІ ГІисаде божи-иманалдалъун мун хвасарлъулеб куц малъизе. 16 Киналго ТІухьдул – Аллагьасул калам буго. Гьез хІакъабщинаб малъула, тІекъабщинаб къватІиб чІвазабула, гъалатІ-хатІа битІизабула, ритІухъаб гІумруялъул хІакъалъулъ насихІат гьабула. Сундуего пайда буго гьезул. 17 Хириял ТІухьдуз Аллагьасе хъулухъ гьабулев чи камиллъизавула ва лъикІал ишазе хІажалъулебщинабги гьесие насиблъизабула.

4

1 Аллагьасда цебе ва чІагоязеги хваразеги суд гьабизе ПарччахІлъун вачІунев МасихІ ГІисада цебе дица кутакалда гьарулеб буго: 2 санагІалъи бугеб мехалъги, гьечІеб мехалъги, Аллагьасул рагІи гІадамазда лъазабизе хІаракат бахъе. Дуца гьел божизаре, гьезие бадибчІвай гьабе, рекІелъ сабругун малъе гьезда. Дарсал кьолаго, кидагоги сабру гьабичІого тоге. 3 Жидеда битІараб малъулел ругел хІехьезе кІвечІого, гІадамаз рагІизе хІасрат бугебщинаб рагІизелъун жидедаго сверухъе мугІалимзабазул тІубараб бо бакІарулеб заман бачІине буго. 4 ХІакъабщинаб рагІизе бокьичІого, маргьабазухъ гІенеккила гьел. 5 Амма сундулъго дур сабру букІине ккола. ГІазаб-гІакъуба хІехье. Рохалил хабар лъазабун, дурго иш гьабе, дурго хъулухъ тІубазабе. 6 Дир рахъалъ абуни, хирияб бакІалда лъураб хъабиниса чагъир лъугІулеб гІадин, лъугІун унел руго дир гІумруялъул къоял. Къокъине заман гІагарлъун буго. 7 Дун лъикІго гугарана, дун чІчІалде щвезегІан векерана, дица божи-иман цІунана. 8 Аллагь разилъизавидал, гьанже дие къачІан буго бергьенлъиялъул шапакъат. Къиямасеб къоялъ ТІадегІанас кьела дие гьеб. Гьев вуго ритІухъав судияв. ЦохІо дие гуребги, гьев вачІиналъухъ гІащикъго ралагьун чІун ругелщиназеги кьела гьес гьеб. 9 Дуца хІаракат бахъе хехго дихъе вачІине. 10 Гьаб дуниялалде рокьи цІикІкІун дун рехун тана Демасица ва Фессалоникаялде ана. Крескент Галатиялде ана, Тит Далматиялде ана. 11 Дида аскІов цохІо Лука хутІун вуго. Маркги цадахъ ваче дуца, дир хъулухъалъулъ гьес дие цІакъ кумек гьабула. 12 Тихик дица Эфесалде витІана. 13 Мун гьаниве вачІунаго, дуца босе Троадаялда Карпил бакІалда хутІараб дир гІаба, тІахьалги росе, хасго къухьдузда хъварал. 14 Маххул устар Александрица гІемераб квешлъи гьабуна дие. Гьесул ишазда рекъон жаза гьабеги БетІергьанас гьесие! 15 Мунги гьесдаса цІунун чІа, нилъеца лъазабулеб бугеб Хабаралде цІакъ гІасиго дандечІун вугин гьев. 16 ТІоцебе дие суд гьабулеб букІараб мехалда, кумекалъе щивниги вачІинчІо, киназго дун рехун тун вуго. Гьезул гІайиблъун рикІкІунгеги гьеб! 17 Амма ТІадегІанав ГІиса дида цадахъ вукІана. Гьес дие къуват кьуна цогидал халкъаздаги Рохалил хабар тІубанго лъазабизе. ГъалбацІалъул гажаздаса хвасар гьавуна гьес дун. 18 ТІадегІанас дун кинабго квешлъиялдаса ворчІизавила ва щибго зарал ккечІого жиндирго Зобалазулаб ПарччахІлъиялде вачина. Гьесие абадияб рецц! Амин! 19 Салам бице Прискиллада ва Аквилада, гьединго Онесифорил тІолабго рукъалъул агьлуялда. 20 Эраст Коринфалда чІун вуго. Унтун вукІиндал, Трофим дица Милеталда тана. 21 Хасел тІаде щвелалде вачІине хІаракат бахъе. Дуде салам битІулеб буго Эвбулица, Пудица, Линица, Клавдияца ва киналго диналъул вацаз. 22 ТІадегІанас кидаго рехун тогеги мун! Аллагьасул цІоб лъеги нужеда!