Фессалоникиязухъе 2

1

1 Нилъер Эмен – Аллагьасде ва ТІадегІанав ГІиса МасихІиде иман лъуразул Фессалоникаялда бугеб агьлуялде салам буго Павелил, Силал ва Тимофейил рахъалдасан. 2 Нилъер Эмен – Аллагьасул ва ТІадегІанав ГІиса МасихІил салам ва баркат лъеги нужеда. 3 Нужер иман щулалъулеб бугелъул ва нужер киназулго цоцазде рокьиги цІикІкІунеб бугелъул, нужги дугІадулъ рехсон, нижеца кидаго Аллагьасе рецц гьабула. Гьеблъидалха Аллагьасе рецц гьабизе мустахІикъаб иш. 4 ЧІухІун бицуна нижеца иман лъуразул жамагІатазда нужер хІакъалъулъ. Нужее бугеб кинабго гІазаб-гІакъубаги захІмалъи-къварилъиги сабру-иманалда хІехьолеб бугилан реццула. 5 Гьеб киналъго бицуна Аллагьасул суд ритІухъаб букІинилан. Аллагьасул ПарччахІлъиялде лъугьине мустахІикълъила нуж, гьеб сабаблъун нужее гІазаб-гІакъуба бугелъул. 6 Нужее гІазабги гІакъубаги кьолеб бугезе гІазабги гІакъубаги кьун, Аллагьас рекъезабила гьеб. 7 - 8 Гьеб хІехьезе ккарал нужее, нижеего гІадин, Аллагьас рахІатги хІалхьиги кьела. Гьеб гьедин ккела ТІадегІанав ГІисаца зобалазда живго Бичасул малаикзабигун цадахъ загьирлъизавураб мехалъ ва Аллагь лъаларевщинасе ва нилъер ТІадегІанав ГІисал хІакъалъулъ Рохалил хабаралъухъ гІенеккичІевщинасе гьалагаб цІадудалъун тамихІ гьабизе гьев вачІараб мехалъ. 9 Гьезие тамихІги буго абадияб гІумруялдаса махІрумлъизари. Гьезда ТІадегІанав вихьизе виччаларо, гьесул машгьурлъиги къудратги гьезда бихьиларо. 10 Гьеб гьедин ккела ТІадегІанав вачІараб къоялъ, жиндир рахъ ккураз гьев машгьурлъизеги гьавураб ва киналго иман лъураз гьесие реццги гьабураб мехалъ. Нижеца бицаралда божидал, нужни гьезда гьоркьор рукІина. 11 Гьединлъидалин нижеца кидаго гьари-дугІа гьабулеб, нилъер Аллагьас нуж тІаса рищун ругелъул, гьелъие мустахІикъаллъун гьарейилан, жиндирго хІалкІолъиялдалъун гьес нужер лъикІалщинал къасдал тІуразарегийилан, нужерго ишаздалъун иман камиллъизабегийилан. 12 Гьедин, нилъер Аллагьасулги ТІадегІанав МасихІилги баркат щун, нилъер ТІадегІанав ГІисал цІаралъул хІурмат нужедалъун цІикІкІина ва гьесдалъун нужер хІурматги цІикІкІина.

2

1 ТІадегІанав ГІиса МасихІ вачІине вукІиналъул ва нилъ гьесда аскІоре данделъизе рукІиналъул рахъ босани, дица нужеда гьарулеб буго, вацал, 2 лъилниги кашпу-караматалдалъун, яги вагІза-насихІаталдалъун, яги нижеца битІарабилан абулеб кагътидалъун гьениб нужехъе хабар щвани ТІадегІанасул къо тІаде гІунтІун бугилан, нуж рихха-хочуге ва гьедигІан бигьаго къосинеги къосунге. 3 Лъицаниги кингоги гуккизе чІоге нуж. Гьеб къо тІаде щвелалде гІадамал Аллагьасда данде питнаялъе рахъина. Ракьалде вачІина кІудияб квешлъи гьабизе бугев ва хвалде иналъе хІалтІизе вугев чи. 4 Гьев чи дандечІезе вуго гІадамаз Аллагьлъун рикІкІунесдеги, гьез тІагІат-гІибадат гьабулебщиналдеги. Жив гьездасаги тІадегІанав вугилан чІела. ХІатта Аллагьасул Мукъадасаб рокъов гІодов чІун, жив Аллагь вугиланги лъазабила гьес. 5 Дун гьенив вугеб мехалъ гьеб киналъулго хІакъалъулъ бицун букІанагури дица, нужеда ракІалда гьечІищ гьеб? 6 Гьанже нужеда лъала, гьев вачІине мех щвезегІан, сунца ккун чІезавун вугевали. 7 Бахча-хьван жиндирго иш гьанжего гьабулеб буго гьеб квешлъиялъ. Амма гьеб ккун чІезабун бугев нухдаса нахъе вачинегІан, квешлъи загьирлъиларо. 8 Гьеле гьебмехалъ загьирлъила дов кІудияб квешлъи гьабизе бугев чи. ТІадегІанав ГІисаца тІаде пун иш лъугІизабила гьесул, ГІиса вачІиналъул кІодолъиялъ хвезавила гьев. 9 ВачІун гьев чияс, илбисалъул къуваталдалъун, батІи-батІиял гьересиял мугІжизаталги гІаламаталги рихьизарила. 10 БатІи-батІияб хІилла-рекІкІалдалъун гуккила жидедаго тІаде тамихІ цІалеб бугел гІадамал. Гьедин ккела жиндалъун хвасарлъизе рукІараб хІакъабщинаб гьезие бокьуларелъул ва гьез гьебги нахъчІвалелъул. 11 Гьеб сабаблъунин Аллагьас гьезухъе битІулеб гьел къосинарулеб къуват ва гьересиялда гьел божизарулел. 12 Гьедин хІакъабщиналдаги божичІого, квешабщиналдаса лазат-кеп босаразе тамихІ гьабила! 13 ТІадегІанасе рокьулел нуж сабаблъун ккун нижеца кидаго Аллагьасе рецц гьабула, вацал, тІоцере хвасарлъулеллъун Аллагьас нуж тІаса рищун ругелъул. Нуж хвасарлъила – Илагьияб РухІалъ нуж рацІцІалъизаридал ва хІакъабщиналда божидал. 14 Аллагьас нуж тІаса рищана, нижеца бицараб Рохалил хабаралъухъ гІенеккидал. ТІадегІанав ГІиса МасихІил машгьурлъи нужехъеги щвезейин нуж тІаса рищарал. 15 Гьединлъидал, вацал, нуж къвакІун чІа ва вагІза-насихІатаздаги кагътидаги нижеца малъараб хІакъабщинаб кьуричІого ккве. 16 ТІадегІанав ГІиса МасихІица ва жиндие нилъги рокьарав, къин гьечІеб къвакІиги щулияб хьулги нилъее жиндирго баркатгун кьурав нилъер Эмен – Аллагьасги 17 нужер ракІал къвакІизареги ва лъикІал ишазулъги рагІабазулъги нужее квербакъаги.

3

1 Ахиралдаги, вацал, нужеца Аллагьасда гьаре ТІадегІанасул хІакъалъулъ хабар хехго тІибитІизабизеги, нужер гьенибго гІадин, машгьурлъуледухъ гьеб хабар гІадамаз къабул гьабизеги нижее квербакъеян. 2 Киналго гурелъул божулел ругел, – пасатал ва квешал гІадамаздаса ниж цІунейиланги гьаре. 3 Кьураб рагІи кколев Аллагьас нужер ракІал къвакІизарила ва квешлъиялдаса цІунила. 4 ТІадегІанас нижерги ракІчІезабулеб буго нижеца малъарабщинаб нужеца гьабулеб букІиналдаги хадубккун гьабизе букІиналдаги. 5 Аллагьас нужер рекІелъе лъугьинабеги жиндирго гІадинаб рокьиги ва МасихІил гІадинаб сабруги. 6 ТІадегІанав ГІиса МасихІил цІаралдалъун нижеца нужеда лъазабулеб буго, вацал, кІвахІалалщинал ва нижеца гьениб малъарабщинабги босичІел нужер агьлуялъул чагІаздаса рикІкІад чІайилан. 7 Нужедаго лъалелъул нижедаса мисал босун хьвадизе кколеблъи. Ниж гьенир ругеб мехалъ нижер кІвахІаллъи бихьичІогури нужеда. 8 Чияр хинкІ-чедалде ккун рукІинчІо ниж гьенир, къаси-къад чІечІого хІалтІана нужер лъиданиги раччун рукІинарилан. 9 Нужеца хьихьейилан абизе ихтияр букІаниги, ниж гьедин хьвадана, нижедасан мисал босизе букІине. 10 Ниж гьенир ругеб мехалъ нижеца абулаангури нужеда: хІалтІизе бокьуларев чи кваначІого чІайилан. 11 Нижеда рагІидалха гьенир ругин кІвахІалал ва кколарелъуре раккун квалквал гьабулел цо-цо гІадамал. 12 ТІадегІанав ГІиса МасихІил вакиллъиялдалъун гьединал чагІазда гІайибги чІван, нижеца лъазабулеб буго: нужерго квералъ бетІербахъиги гьабун, гІодоре риччан чІайилан. 13 Цинги, вацал, лъикІлъи гьабун свакаге нуж. 14 Гьаб кагътида нижеца хъваралъухъ гІенеккуларев чиясдеги кІвар кьечІого тоге. Живго намуслъизе, гьесулгун гьоркьоблъи гьабуге. 15 Амма тушманлъи лъазабичІого, вацасе гІадин, бадибчІвай гьабе гьесие. 16 Нилъ ракълиде рачарав ТІадегІанас ракълида таги нуж кидаго ва сундулъго. Биччанте ТІадегІанав нужеда киназдаго цадахъ вукІине. 17 Дирго квералъ хъвалеб буго: Павелил рахъалдасан салам буго нужеде. Гьадин чанго рагІи хъвала дица щибаб кагътида, гьанибги хъвалеб буго. 18 Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІил баркат лъеги нужеда киназдаго!