Пётрил 2
11 ГІиса МасихІил лагъ ва чапар Симеон Пётрица гьаб кагъат хъвалеб буго нижее гІадинаб цІакъго къиматаб божи-иман жидее щваразухъе. Божи-иман лъедал, нилъер Аллагьасда ва нилъ хвасар гьарурав ГІиса МасихІида цере ритІухълъараллъун рикІкІана нужги. 2 Аллагь ва нилъер ТІадегІанав ГІиса тІубанго лъаралъухъ рекъелги цІобги цІикІкІаги нужее! 3 Аллагьасул къудраталъ нилъее кьуна хІалалаб-бацІцІадаб гІумруялъе хІажалъулебщинаб жо. Жиндир къуваталъулги лъикІлъиялъулги бутІа щвезелъун жинца нилъ ахІарав МасихІ нилъеда лъана. 4 Гьес нилъее сайигъат гьабуна жинца рагІи кьун букІараб кІудияб ва хирияб хазина, – гьелъул кумекалдалъун гьаб дуниялалда ругел гІадамал пасалъиялде ва хвалде рачунел къасдаздаса цІунун, нужее илагьиябщиналъул бутІа щвезе. 5 Гьединлъидал кутакаб хІаракат бахъе нужерго божи-иманалде лъикІаб гІамал жубазе, лъикІаб гІамалалдеги гІелму-лъай жубазе, 6 гІелму-лъаялдеги нужедаго квелъ базе кІвей жубазе, нужедаго квелъ базе кІвеялдеги сабру жубазе, сабруялдеги муъминлъи жубазе, 7 муъминлъиялдеги вацлъи жубазе, вацлъиялдеги рокьи жубазе. 8 Гьеб кинабгойин нужелъ букІине кколеб! Нужелъ гьеб гьарзаго бугони, нужеда цІикІкІун лъала нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІ, щибго пайда гьечІеллъун ва сундуего ярагьунареллъунги лъугьинаро нуж. 9 Гьеб кинабго жиндилъ камурасда канлъи бихьуларо: гьесда кІочон тана жиндир цересел мунагьал чурун рукІин. 10 Гьединлъидалин, вацал, нужеца цІикІкІараб хІаракат бахъун тасдикъ гьабизе кколеб нуж Аллагьас ахІарал ва тІаса рищарал чагІи рукІин. Гьедин хьвадани – нужер хІетІе киданиги тариларо! 11 Нужее гьарзаго щвела нилъер ТІадегІанав ва нилъ хвасар гьарурав ГІиса МасихІил абадияб ПарччахІлъиялде жанире лъугьине ихтияр. 12 Гьединлъидал дица нужеда гьеб кидаго ракІалде щвезабила, – нужее загьирлъараб хІакъабщинаб нужеда гьанжего лъалеб бугониги ва щулаго ккун бугониги. 13 Дир чорхолъ рухІ бугебгІан заманаялда нахъаса къотІичІого гьеб нужеда ракІалде щвезаби дица дида тІадаб ишлъун рикІкІуна. 14 Дида лъала дир чорхолъ рухІ гІемераб мехалъ хутІизе гьечІеблъи. Гьеб дие загьир гьабуна нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІица. 15 Амма дица дида кІварабщинаб гьабила, – дун ун хадубги, бокьараб мехалда нужеда гьеб ракІалде щвезе. 16 Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІ жиндирго къудратгун тІадвуссине вукІиналъул хІакъалъулъ нужеда бицунаго, нижеца такрар гьаричІо лъицаялиго сихІирго ургъарал гьерсал. 17 Ниж руго жиндирго Эмен – Аллагьасдасан бачІараб гьесул кІодолъиги къудратги нижерго беразда бихьарал гІадамал. Гьеб мехалъ гьесда рагІана Къудратав БетІергьанасул гьаракь: «Гьав вуго Дие вокьулев Дир Вас. Гьасдаса вохун вуго Дун». 18 Зобалаздасан бахъараб гьеб гьаракь нижедаго рагІана, мукъадасаб магІарда ниж гьесда цадахъ рукІараб мехалъ. 19 Гьелъ нилъер дагьабги цІикІкІун ракІчІезабулеб буго аварагзабазул рагІаби ритІухълъун рукІиналда. Нужеца гьел рагІаби гІадахъ росани, нуж ритІарал рукІина. Жеги бакъул кунчІи чІвалелде ва нужер рекІелъ Рогьалил ЦІва баккилелде, бецІлъуда рекІараб чирахълъун рукІина нужее гьел рагІаби. 20 Амма сундасаго цебе ракІалда чІезабизе ккола ТІухьдузда хъвараб цониги калимаялъул магІна живго лъугьун инсанас гьабизе бегьулареблъи. 21 Инсанасе бокьунилан Аллагьасул цониги калима рещтІинчІелъулха ракьалде. Аллагьасул калам инсанас халкъалъе бицунаго, Илагьияб РухІалъин гьев кІалъазе тІамулев.
21 Амма ГІизраилалъул халкъазда гьоркьор гьересиаварагзаби рукІаралго гІадин, нужеда гьоркьорги рукІине руго гьересинасихІатчагІи. Гьез нужехъе балъгого росун рачІина кина-щинабго щущазабулел гьерсал. Гьез инкар гьабизе буго жалго тархъан гьарурав ТІадегІанав ПарччахІасдаса, гІасияб гІажал жидедаго тІаде хехгого цІазе буго. 2 ГІемерисез мисал босила гьезул пасалъиялдаса, ва гьеб бихьидал гІадамал хІакъабщиналъул нух какизе лъугьина. 3 Гьел руго гІорцІиго лъаларел чагІи. Жидецаго ургъун рахъарал харбалги нужее рицун, лъикІго бечелъила гьел. Амма гьезие некІого къотІараб хІукму кватІизе гьечІо, гьезде бачІинесеб балагь-гІазабги гъапуллъун гьечІо! 4 Мунагь гьабурал малаикзабаздагицин гурхІичІо Аллагь: гьес гьел жужахІалъур тІамуна ва Суд гьабулеб къо тІаде щвезегІан бецІлъиялъул рахсаца рухьун тана. 5 РитІухълъи тІибитІизабизе витІарав НухІги ва гьесда цадахъ анкьго чиги хутІизегІан, цогидал гІадамаздаги гурхІичІо Аллагь, мунагь-хІакъалъул агьлуялде тІупан тІураб мехалда. 6 Содом ва Гоморра шагьарал щущазаризе хІукмуги гьабун, гьел рохъоялде сверизаруна, гьез гІадинаб пасалъи хадубккунги гьабулезе дарслъун букІине. 7 Амма Аллагьас хвасар гьавуна гІорхъулъа борчІараб хъахІбалъиялде руссарал гІадамазул хьвада-чІвадиялъ тату хвезабурав ва вацІцІадго чІарав ЛутІ. 8 Гьезда гьоркьов вацІцІадго хьвадарав гьев чиясул бацІцІадаб рекІее щибаб къоялъ гІазаб кьолаан гьез гьабулебщинаб бихьулебги рагІулебги букІиналъ. 9 БетІергьанасда лъала рацІцІадал гІадамал гІакъуба-къварилъиялдаса хвасар гьаризе, пасатал чагІазейин абуни, Суд гьабулеб къо тІаде щвелалдегоцин тамихІ гьабичІого толаро. 10 Жидерго гьаваялъ рижизарурал хъубал къасдазда хадур унел ва гьесул амруял рикІкІинего рикІкІунарел гІадамазе бищун цІикІкІараб тамихІ гьабула Аллагьас. Гьел адаб гьечІел ва намусги гьечІел гІадамал хІинкъуларо зобалазда ругел къудратал малаикзаби какизе. 11 Гьел квешал гІадамаздаса гІемерго къуватал ва гучал ругониги, малаикзаби намуслъула БетІергьанасда цебе гьединал гІадамазда гІайиб чІван гьел какизе. 12 Гьел гІадамал релълъуна гудраца кквезе ва чІвазе рижарал гІакълу гьечІел хІайваназда. Жидер гІакълу нахъгІунтІуларебщинаб какула гьез. ЧІвазе рижарал хІайванал гІадин, хвалде гІагарлъула гьел. 13 Жидеца гьабураб квешлъиялъухъ шапакъатлъун квешлъи щвела гьезие. ГІадада-къад гьабулеб пасатаб гьекъел-кванай гьуинаб буго гьезие. Гьел руго инжитал ва хъубал гІадамал. Гьез лазат босула нужеда цадахъ цо хІарччида нахъа гІодор чІараб мехалъгицин нуж гуккулел рукІиналдаса. 14 ХъахІбалъиялъул гурони пикруги гьабуларо, мунагьал гьарунги гІорцІуларо. РакІ загІипал гІадамал гьез къорикье ккезарула. ХъантІиялъе куцун руго гьез жалго. Аллагьасул нагІанаялъе мустахІикълъана гьел! 15 БитІараб нухги тун, къосун ккун руго гьел. Квешлъиялъухъ щолеб гІарцуца къосинавурав Беъорил вас БилгІамил нухдасан ана. 16 Амма гьес гьабулеб букІараб квешаб къасд къватІиб чІвана: мацІ лъалареб жиндирго хІамица, инсанасул мацІалдалъун кІалъан, гьеб гІантаб жо гьабизе биччачІо. 17 Гьел гІадамал релълъуна ракъварал иццазда, гьороца хъамулел накІкІазда! Гьезие хІадурун буго жужахІалъул абадияб бецІлъи. 18 Гьезул кІалдир ругьунлъун руго жалго реццулел ва гьодорал рагІаби. Къосараб гІумру гьабулездаса гьанжего-гьанже рикІкІалъизе байбихьарал гІадамал гьез квегъун буссунареб чорхол гьаваялъул гьиналъ кквезе тІамула. 19 Гьел гьересинасихІатчагІаз рагІи кьола гІадамал жидеца тархъан гьарилилан, амма гьел жалго руго пасалъиялъул лагъзал. Бергьарасул лагълъун къурав кколелъулха! 20 Нилъер ТІадегІанав ва нилъ хвасар гьарурав ГІиса МасихІ лъаялдалъун гьел гьаб дуниялалъул къабихІлъиялдаса рикІкІалъун рукІана, амма кІиабизеги нухкъосуде ккеялъ къезаруна. Цебе букІаралдасаги квешаб хІалалде ккана гьел 21 БитІараб Нух лъан букІинчІебани лъикІаб букІинаан гьезие, гьеб нухги лъан хадуб гьезде божилъи гьабураб илагьияб амруялдаса кьуризегІан! 22 Гьезие лъугьараб жоялъ бихьизабула гьадинал кицаби ритІарал рукІин: «Гьве тІадбуссун бачІуна жинцаго лагІараб жо чІикІизе» ва «Чурун хадубги болъон хІарщулъ гебегахъдула».
31 Гьале дица нужехъе кІиабизеги кагъат хъвалеб буго, дир хириял. Гьал кагътазда жаниб дица хІаракат бахъулеб буго, нужеда ракІалде щвезабун, нужелъ рацІцІадал пикраби рижизаризе. 2 Бичасул аварагзабаз абурал рагІаби ва нужехъе рачІарал чапарзабаз бицараб нилъ хвасар гьарурав ТІадегІанасул амру нужеца ракІалдаса ине биччаге. 3 Сундасаго цебе нужеда лъазе ккола дуниялалъул ахирисел къоязда рачІине рукІин жидерго къасдазул нухдасан унел ва намус гьечІел гІадамал. 4 ГІад-хочІ гьарун, гьез абизе буго: «ВачІинилан рагІи кьурав гьев щайха вачІунев гьечІев? Гьале нилъер умумулги цереса ана, амма кинабго хутІун буго дуниял бижараб мехалъго букІараб хІалалда, щибго хиси ккечІого». 5 Гьезда кІочон толеб буго авалалдаго, Аллагьас амру гьабун, зобалги ракьги рижун рукІараблъи. Ракь бижана лъададасан ва лъададалъун. 6 Цинги гьеб тІупаналъул лъадалъ тІерхьана. 7 Гьанже ругел зобалги ракьги Суд гьабулеб къо щвезегІан цІунизе руго Аллагьас. Суд гьабулеб къоялъ зобалги ракьги рухІун лъугІила, киналго пасатал гІадамаздеги хвел рещтІина. 8 Нужеда кІочон тоге, дир хириял, БетІергьанасе цо къоги азарго сон гІадин букІунеблъи, азарго сонги цохІо къо гІадин букІунеблъи. 9 Гьев кватІулев вугилан цо-цо гІадамаз рикІкІунеб бугониги, БетІергьан кватІулев гьечІо кьураб рагІи тІубазабизе. ХІакъикъаталда гьес сабру гьабулеб буго: гьесие бокьун гьечІо нужер щивниги гІадада хвезе – бокьун буго киналго кантІун жиндего руссине. 10 ТІадегІанасул Къо бачІине буго тохлъукьего, цІогьор гІадин. Гьеб Къоялъ, кутакалда гъугъадун, зобал тІубанго тІагІина, дуниялалда бугебщинаб цІа рекІун бухІила. Гьебмехалъ къватІирчІвала ракьалда лъугьарал тІолалго ишал. 11 Кинабго гьедин биххун-щущан инехъин бугелъул, нужеца гьабизе ккола бацІцІадаб ва Аллагьасде мутІигІаб гІумру. 12 Аллагьасул Къо бачІиналъухъ – цІа рекІун зобал щущан унеб ва зобалазда ругелщинал цІадулъ риун унеб къо бачІиналъухъ – ралагьун чІун руго нуж, хехго бачІагиян гІашикълъун руго! 13 Нилъ ралагьун чІун руго, гьес рагІи кьураб къагІидаялъ, цІиял зобал ва цІияб ракь бижиялъухъ. Гьенибин ритІухълъи букІунеб! 14 Гьединлъидал, дир хириял, гьеб къо бачІиналъухъ ралагьун чІун, рацІцІадаллъун, гІайиб гьечІеллъун ва Аллагь разилъулеллъун рукІине хІаракат бахъе. 15 Нужеда лъазе ккела БетІергьанасул кІудияб сабруялдалъун нуж хвасарлъизе рукІин. Аллагьас гьесие кьураб гІакъиллъиялдалъун гьелъул хІакъалъулъин нужеда бицараб нилъер хирияв вац Павелицаги. 16 Гьес гьелъул хІакъалъулъ бицунеб буго жиндирго киналго кагътазда. РичІчІизе захІматал жалги руго гьенир, лъавукъал ва цо хІал кколарел гІадамаз, цогидал тІухьдузда хъваралъулго гІадин, гьезулги магІна мекъи сверизабула, – жидедего гІасияб балагь бачІиналъе сабаблъун ккезе. 17 - 18 Нужеца, дир хириял, нужеда гьеб цебеккунго лъалелъул, нужго цІуне! Намус гьечІел гІадамазул гьересиялъ хадур цІазе ва мугъчІвазе бугеб щулияб сангаралдаса махІрумлъизе чІоге! Нилъер ТІадегІанав ва нилъ хвасар гьарурав ГІиса МасихІги гьесул лъикІлъиги лъикІго ва цІикІкІун лъазабун, нужго камиллъе. Гьесие рецц гьанжеги ва абадул абадиялъги. Амин.