Коринфиязухъе 2

1

1 МасихІ ГІисал чапарлъун вукІине Аллагьас тІаса вищарав Павелил ва диналъул вац Тимофейил салам буго Коринфалда ругел иман лъуразул агьлуялде, гьединго тІолабго Ахаялда ругел иман лъуразул агьлуялдеги. 2 Нилъер Эмен – Аллагьасул ва ТІадегІанав ГІиса МасихІил баркатги саламги лъеги нужеда. 3 Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІил Эмен – Аллагьасе рецц! Гьев нилъеда кидаго гурхІула, гьес нилъер ракІбатизабула! 4 Кинаб къварилъи нилъеде бачІаниги, Аллагьас ракІбатизабула нилъер. Гьес нилъееги къуват кьола, – жинца нилъер ракІбатизабулеб бугеб гІадин, къварилъиялда ругезул нилъецаги ракІбатизабизе. 5 МасихІие букІараб гІадаб гІазаб-гІакъуба нилъее цІикІкІанагІан, МасихІидалъун нилъер ракІбатизабиги цІикІкІуна. 6 Нижеца гІазаб-гІакъуба хІехьолеб буго нужер ракІбатизабизе ва нуж хвасарлъизе гІоло. Нижер ракІбатизабурас нужерги ракІбатизабила. Нижее бугеб гІадинаб гІазаб-гІакъуба нужецаги сабруялда хІехьани, гьелъги нужер ракІбатизабила. 7 Нуж мекъи ккеларилан ракІчІун руго ниж. Нижее бугеб гІазаб-гІакъуба нужееги бугеб батани, гьелъ нужер ракІбатизабилеблъи лъала нижеда. 8 Я, вацал, Асиялда нижее букІараб къварилъиялъул хІакъалъулъ нужедаги лъазе бокьун буго. Баччизе кІвеялдаса араб хІалалде ккедал, чІаго хутІиялдаса хьул къотІун букІана. 9 Къадаралде щвезехъин ругилан ккун, нижедаго божулел рукІинчІо, хваралъуса рахъинарулев Аллагьасде тІамун тун букІана. 10 Гьес хвасар гьаруна ниж гьеб гІасияб хвалдаса. Гьанжеги хвасар гьарулел руго, ва хадурги хвасар гьарилилан хьулги буго. 11 Нужецаги гьари-дугІа гьабеха, нижеда тІадрекъон. Нилъер гьари-дугІа цІикІкІани, Аллагьасги цІоб лъела, гІадамаз Аллагьасе гьабулеб реццги цІикІкІина. 12 Ниж сундаса чІухІизе кколел? Гьаб дуниялалда ва хасго нужеда хурхарал ишазулъ ниж хьвадулел руго Аллагьасдасан рещтІараб ракІбацІцІалъигун ва муъминлъигун. Намус бацІцІадго абулеб буго нижеца гьедин. ГІадамазул гІакъиллъиялъ малъун гуро ниж гьедин хьвадулел ругел, Аллагьасул баркаталдалъунин. 13 - 14 Кагътидасан нужеца цІалулеб ва нужеда гьенисан бичІчІулеб жо гурони, батІияб щибго ракІалде кколаро нижеда гьеб хъвалеб мехалъ. Нижеца бицарабщиналъул цо-цо бутІа гурони нужеда гьанжелъагІан бичІчІулеб букІинчІеб батани, гьанже гьеб нужеда тІубанго бичІчІилилан хьул буго. Ниж нужедаса чІухІулел гІадин, нужги нижедаса чІухІила – нилъер ТІадегІанав ГІиса цІидасан рещтІараб къоялъ. 15 Гьелда ракІги чІун, дица хІукму гьабун букІана цин нужехъе вачІинин, ва гьеб дир сапаралъул нужее кІицІулго пайда букІинин. 16 Дида ракІалда букІана Македониялде унаго нужехъе щвезе, цинги Македониялдаса нахъвуссунаго кІиабизеги нужехъе вачІине ва нужер кумекалдалъун Ягьудиялде ине. 17 Гьедин къватІиве вахъине къачІалаго унго дир пикруйищха хисараб? ГІадамазул гІакъиллъиялъ малъунищ дица хІукму гьабизе кколеб? Дица «уйилан» абуни, «гурилан» абураб магІнайищха гьелъул кколеб? 18 АллагьасхІаги, нижеца нужеда абичІо цин «уйилан», цинги «гурилан». 19 Жиндир хІакъалъулъ нижеца – дицаги, Сильваницаги, Тимофейицаги – нужеда Рохалил хабар бицарав ГІиса МасихІица, ай Аллагьасул Васас, киданиги абичІо цин «уйилан», цинги «гурилан». ГІицІго «у» букІана гьесулъ. 20 Аллагьас рагІи кьурабщиналъул рахъалъ гІицІго «у» гурищ гьесулъ батараб. Гьединлъидалин, МасихІил цІар рехсон Аллагь кІодо гьавулаго, нилъеца «амин» абулеб. 21 - 22 ГІиса МасихІиде цолъизарун нижги нужги къвакІизарулев Аллагьас нилъ тІаса рищана, абадияб гІумруялъул гІаламатлъун Илагьияб РухІги нилъер ракІазулъе рещтІинабуна. 23 АллагьасхІагийилан ва дирго гІумруялхІагийилан гьедулев вуго: нужеца гьабуралда рекъараб рагІи нужеда хІунсизе бокьичІогойин дун тІокІав Коринфалде вачІинчІев. 24 Нужер божи-иманалда тІад тарал хъаравулзаби гурелъулха ниж, нужер рохелалъе квербакъулел чагІийин! Нужер божи-иманин абуни, щулалъун буго.

2

1 Дица хІукму гьабуна, дун вачІунилан нужее квеш кколеб батани, гьанже нужехъе вачІинчІого чІезе. Нуж пашманлъизаризе бокьун гьечІо дие. 2 Нуж пашманлъизаруни, дица пашманлъизарураз гурони, лъица дун вохизавилев? 3 Дица доб кагъат хъван букІана нужехъе вачІараб мехалъ, вохизавизе кколез дун пашманлъизавизе бокьичІого. Дир ракІчІола, дун вохун вугони, нуж киналго рохизе рукІиналда. 4 Доб кагъат хъвалеб мехалъ дун цІакъ пашманго вукІана: ракІги къварилъун букІана, бераз магІуги тІолеб букІана. Нуж пашманлъизаризе гуреб, нужеде бугеб дир рокьул гьарзалъи бихьизабизейин дица доб кагъат хъван букІараб. 5 Дун пашманлъизавунилан нужеда ракІалде ккарав чияс дун гуро пашманлъизавурав. Гьес цодагьалго пашманлъизаруна нуж киналго, гьелъул хІакъалъулъ тІокІаб бицине бокьун гьечІо дие. 6 Нужер гІемерисез гьабураб тамихІги гІела гьев чиясе. 7 Гьанже, тІасаги лъугьун, гьесул ракІбатизабизе ккела нужеца, – цІакъго пашманлъун, тату хунгутІизе. 8 Гьединлъидал дица нужеда гьарулеб буго: гьевги нужее вокьулевлъи бихьизабе гьесда. 9 Нужер хІалбихьизе ва сундулъго дие мутІигІал ругищалиги лъазе хъван букІана дица доб кагъат. 10 Нуж тІасалъугьарасдаса дунги тІасалъугьуна. Дун тІасалъугьунев вугони (тІасалъугьине рекъараб жоги бугони), МасихІги нугІлъун гьавун, тІасалъугьуна дун – нужее пайдаялъе. 11 Дица гьедин гьабула, илбисалъ нилъго гуккунгутІизе, – гьелъул къасдал лъаларел чагІи гурелъулха нилъ. 12 МасихІил хІакъалъулъ Рохалил хабар лъазабизе дун Троадаялде вачІараб мехалъ, ТІадегІанас дие нуцІа рагьун батана. 13 Амма дир ракІ гІодобе биччалеб букІинчІо дир диналъул вац Тит гьенив ватичІелъул. Гьединлъидал, гьенир ругезе къолъикІги гьабун, дун Македониялде ана. 14 МасихІил бергьенлъиялъул байрамалде ниж рачунев Аллагьасе рецц! Аллагьас ниж ритІула, махІ гьуинаб нахул кьеккен гьабулеб гІадин, МасихІил хІакъалъулъ киса-кибего лъазабизе. 15 Хвасарлъулезеги холезеги ниж руго – МасихІица Аллагьасе къурбанлъун кьеккен гьабулеб гьеб махІ гьуинаб нах. 16 Холезе ниж руго – хвалил махІ, хвасарлъулезе ниж руго – чІаголъиялъул гьуинаб махІ. Гьеб нижее бугеб тІадкъай тІубазабизе щал ярагьунел? 17 Аллагьасул рагІабийилан гьерсалги рицун, цогидал гІемерисел гІадин гІиси-бикъинаб дармиде машгъуллъуларелъулха ниж! Аллагьасул чапарзаби ругелъул, Аллагьасда рагІулеб бугеб гІадин, МасихІидеги цолъун, ракІбацІцІадго бицуна нижеца Рохалил хабар.

3

1 Ниж щал чагІияли нужеда гьанжеги бихьизабизейищ ниж кІалъалел ругел? Цогидазе гІадин, нижее хІажат бугебищ ниж реццарал кагътал я нужехъе хъвазе, я нужеца хъван рачІине? 2 Нуж руго – ниж реццараб кагъат! Нижер ракІазулъ хъван буго гьеб, киназдаго лъазе, киназго цІализе! 3 Щакъиялъ гуреб, хІакъав Аллагьас битІараб РухІалдалъун МасихІица хъван, нижеца босун бачІараб кагъатлъун ругеллъи бихьизабуна нужеца. ГанчІил къаназда гуреб, инсанасул рекІеда хъвараб кагъатин гьеб. 4 МасихІидалъун Аллагьасде кІудияб божи-иман бижун буго нижер рекІелъ. 5 Сундуениги ярагьунел чагІи ниж ругилан абизесеб гьунар гьечІо нижелъ, кинабго Аллагьасдасан щвараб буго. 6 Гьес лъугьинаруна ниж ЦІияб къотІиялъе хъулухъ гьабизе ярагьунеллъун. ЦІияб къотІиялъул аслу-кьучІ хІарпазулъ гуро бугеб, РухІалъулъ буго. ХІарпалъ хвезарула, РухІалъ чІаголъизарула! 7 Къанун хъван букІана ганчІил къаназда. Аллагьас гьеб рещтІинабулеб мехалъ илагьияб Нур гвангъана, гьеб дагьабго заманаялъ загьирлъун букІаниги, Исраилил халкъалда кІвечІо гьеб Нуралъ гвангъизабураб Мусал гьурмахъ ралагьизе. Хвалде рачунеб Къанунгун цадахъ рещтІараб Нур гьединаб гвангъараб букІараб батани, 8 Илагьияб РухІалъ чІезабураб къотІиялъул Нур кигІан кутакабха букІинеб? 9 ТамихІалде рачунеб Къанунгун цадахъ рещтІараб Нур гьединаб гвангъараб букІараб батани, инсан ритІухъ гьавулеб РухІалъул Нур кигІан кутакабха букІинеб? 10 Кидаялиго Къанунгун цадахъ рещтІараб Нур гьанже тІубанго тІагІун буго, гьелдасаги гІемерго гвангъараб Нур хІакълъунго ракьалде рещтІун бугелъул! 11 Дагьабго заманаялъе рещтІараб Нур гвангъун букІараб батани, гьелдаса гІемерго цІикІкІун гвангъула абадияб Нур. 12 Гьеб киналдего хьул лъезе рес бугелъул, рагьун ва хІинкъичІого кІалъала ниж. 13 Ссун унеб ва цебеса тІагІунеб Нур Исраилил халкъалда бихьичІого букІине гьумер пардавалъ бахчарав Муса гІадин гурелха. 14 РакІбицалъун букІана гьезул. Жакъа къоялде щвезегІанги, НекІсияб къотІиялъул ТІухьдул цІалулеб мехалъ, гьеб пардав букІуна гьезул гьурмазда цебе. ВачІун МасихІицалъидал гьеб бахъун рехулеб. 15 Жакъа къоялде щвезегІанги, Мусал Къанун цІалулеб мехалъ, гьеб пардавалъ бахчун букІуна гьезул ракІги. 16 Амма инсан БетІергьанасдехун вуссиндал, гьес бахъун рехула гьеб. 17 Гьаниб БетІергьан абураб рагІул магІна ккола Илагьияб РухІ. Аллагьасдасан бачІараб РухІ бугеб бакІалда эркенлъиги букІуна! 18 Пардавалъ гьумер бахчичІого, матІуялъуре гІадин, ралагьула ниж БетІергьанасул гвангъараб Нуралъухъ. Нижелъ гьеб Нур дагь-дагьккун гвангъидал, нижги лъугьуна гьесул сипатлъун. Гьеб кинабгоги лъугьуна жинда РухІилан абулев БетІергьанасдасан.

4

1 Гьединлъидалин, Аллагьасул цІоб лъун, Рохалил хабаралъе хъулухъ гьабизе божун тарал нижеца рачел чучулареб. 2 Нижеца рехун тана гІадамазда рихьизе, рагІизе нечарал ишал, хІилла-макруялдалъун щивниги гуккуларо, Аллагьасул рагІиялъул бакІалда гьерсал рекъезаруларо. Рагьун киназего хІакъабщиналъул бицунаго, ниж Аллагьасда цере чІола, ниж щалали ва кинал чагІияли халкъалда рихьизе. 3 Гьедин бугониги, нижеца бицунеб Рохалил хабар гІемерал гІадамазе, пардавалъ гІадин, бахчун буго. Гьеб бахчун буго гІицІго хвалде унезе, 4 гьаб дуниялалъул кверщел кодоб бугеб илбисалъ ракІ бецлъизабуразе, – Аллагьасул суратлъун вугев МасихІил къудраталъул хІакъалъулъ Рохалил хабаралъул Нур гьезда бихьунгутІизе. 5 Нижерго хІакъалъулъ Рохалил хабар гурелъулха нижеца бицунеб бугеб, ГІиса МасихІ нилъер ТІадегІанав вугиланлъидалха. Нижни руго ГІиса МасихІие гІоло нужее хъулухъ гьабулел гІадамал. 6 НекІо бецІлъи бачахъизе канлъи бижарав Аллагьас гьеб канлъи нилъер рекІелъеги лъугьинабуна. ГІиса МасихІил гьурмалъ гвангъараб Илагьияб Нур нилъее загьирлъизелъун гьабуна гьес гьедин. 7 Хазина жаниб цІунарал гьадингоял щагІил рагІазда релълъун руго ниж. Нижелъ загьирлъараб цІакъго цІикІкІараб къудрат, нижедасан гуреб, Аллагьасдасан бугеблъи бихьуларищ гьелдасан? 8 Киналго нижеде тІаделъун руго, амма нижее рорчІизе бакІ хутІун буго. Ниж рес къотІун руго, амма хьул къотІун гьечІо. 9 Нижее гІадамаз гІазаб-гІакъуба кьолеб буго, амма Аллагьас ниж рехун тун гьечІо. Ниж гІодор ккезарун руго, амма къун гьечІо. 10 ГІисал хвел нижеца кидаго нижерго чорхолъ чІезабула, гьелдаго цадахъ нижер чорхолъ ГІисал гІумруги загьирлъизе. 11 ЧІаго ругебгІан мехалъ, ниж ГІисае гІоло хвезарулел руго. Нижер чурхдул хвалие мутІигІлъаниги, гьезулъ загьирлъула ГІисадалъун насиблъулеб абадияб гІумру. 12 Гьедин нижелъ хвел хІалтІулеб буго, нужелъин абуни, гІумру хІалтІулеб буго. 13 «Дун божана ва гьединлъидал дица бицана», – ян ТІухьдузда хъвараб гІадинаб божи-иман кьураб РухІ нижелъ бугелъул, ниж божун руго, божун ругелъул бицунебги буго. 14 Нижеда лъала ТІадегІанав ГІиса хваралъуса вахъинавурас, ГІисада цадахъ рахъинарун, нижги нужги Жиндаго цере чІезаризе рукІин. 15 Гьеб кинабго гьабулеб буго нужее гІоло, Аллагьасул баркат цІикІкІун чиясда лъунагІан, гьез цІикІкІинабулеб бугелъул Аллагьасе гьабулеб реццги. 16 Гьединлъидалин ниж ракІ гІодоб чІван рукІунарел. Нижер чорхол чІаголъи дагь-дагьккун чІунтулеб бугониги, рухІияб чІаголъи щибаб къоялъ цІилъулебго цІилъулеб буго. 17 Гьаб тІадагьаб, дагьаб заманаялъулаб гІазаб-гІакъубаялъ нижее къачІалеб буго гьелда данде ккун кутакалда цІикІкІараб абадияб нигІмат. 18 Беразда бихьулебаб гуреб, бихьуларебаб гІадахъ босулеб буго нилъеца. Беразда бихьулебаб – тІаса унелъул, бихьуларебаб – абадияб бугелъул!

5

1 Гьаб панадуниялалда нилъ чІолеб бакІ биххараб мехалъ, Аллагьас нилъее рукъ кьезе бугеблъи лъала нилъеда. Зобалазда бугеб инсанасул квераз гьабичІеб абадияб рукъин гьеб. 2 Гьанир ругебгІан заманаялъ пашманго зигардула нилъ, нилъее бокьун букІуна гьеб зобалазул рокъоре лъугьине. 3 Гьаб дуниялалда сундасаго махІрумлъаниги, рукъ гьечІого хутІиларо нилъ гьенир. 4 Гьанир ругебгІан заманаялъ къварилъахъдула нилъ. Гьаб панадуниялалда нилъер бугеб черхалдаса махІрумлъизе бокьиялъ гуребха, зобалазда нилъер букІунеб черх щвезе бокьиялъин. Холеб черх холареб черхалъ хисун гІумру бергьина гьебмехалъ. 5 Илагьияб РухІ аманатлъун нилъее кьурав Аллагьас гьелъиейин нилъ тІаса рищарал. 6 Гьединлъидал нилъ сункьаниги киданиги хІинкъулареллъун лъугьун руго. Нилъеда лъала, гьанир рокъор – нилъерго чорхолъ – ругебгІан заманаялъ, нилъ ТІадегІанасдаса рикІкІад рукІин. 7 Беразда бихьулелда рекъон гуреб, божулелда рекъонин нилъ хьвадулел ругел. 8 Сункьаниги киданиги хІинкъулареллъун лъугьун ругелъул, нилъее лъикІаб букІинаан, нилъерго чорхолъа къватІиреги лъугьун, ТІадегІанасда аскІоре гочине. 9 Гьединлъидалин нилъее бищунго бокьулеб – гьаб дуниялалда гьесдаса рикІкІад рукІаниги, ахираталда аскІор рукІаниги – ТІадегІанав нилъедаса разилъизе. 10 РухІ чорхолъ букІаго щивав чияс гьабураб лъикІлъиялъухъ шапакъат щвезеги квешлъиялъухъ тамихІ гьабизеги нилъ киналго МасихІил судалда цере чІезе ругелъулха. 11 Аллагьасукьа хІинкъи щиб жояли лъайдал, нижеца хІаракат бахъулеб буго цогидаздаги гьеб лъазабизе. Ниж щал чагІияли Аллагьасда лъала. Дида ракІалде ккола нужедаги кІвеларин ниж щалали лъаларин абизе. 12 Ниж щал чагІияли бихьизабизе гуро гьеб такрар гьабулеб бугеб. Жидерго рекІелъ бугеб бахчун, бералда бихьулебаб рихьдаего цебе рехизабун, жидеего рецц-бакъ гьабулел гІадамалги руго гьенир. Нижеца гьедин абулеб буго гьединал гІадамазе жаваб кьезе нужее бигьалъизе ва нижедаса чІухІизе нужее рес букІинеги. 13 Биччанте ниж гІантлъун ругилан абизе. Нижеца Аллагьасе хъулухъ гьабулеб бугелъулин гьез гьедин абулеб бугеб. ЦІодорго ругеб мехалъ гьабураб – гьеб нужее гІоло буго. 14 МасихІил рокьиялъул кверщаликь руго ниж. Нижеда бичІчІана киназего гІоло цо Чи хваравлъи. Гьесда цадахъ киналгоги хун руго. 15 Гьев хвана киназего гІоло, цинги чІаго ругелаз гІумру жидеего гІоло гьабичІого, – жидее гІоло хварасе ва хваралъуса вахъинавурасе гІоло гьабизе. 16 Гьанжеялдаса хадуб нилъеца лъиениги къимат кьезе бегьуларо гІадамазул гІакълу-пикруялдалъун. Цере нилъ МасихІихъги ралагьулел рукІарал ратани гІадамазул бераздалъун, гьанже тІокІаб гьабулеб гьечІо нилъеца гьедин. 17 МасихІиде цолъарав чи ккола цІидасан вижарав чи. Басрияб ана-хвана, гьале цІияб тІаде гІунтІана. 18 МасихІидалъун нилъ Живгун рекъезарурав ва цогидалги нужеца Живгун рекъезареян нилъее амру гьабурав Аллагьасдасан буго гьеб кинабго. 19 Аллагьас МасихІидалъун Живгун рекъезабуна тІолабго гІалам, гьезул мунагьалги рикІкІинчІо Гьес. ГІадамал рекъезареян амруги гьабуна Гьес нилъее. 20 Ниж руго МасихІил вакилзаби ва Аллагьас нижер кІалдисан кІалъан гІадамазде ахІулеб буго Жинде руссаян. МасихІил цІар рехсон гьарулеб буго нижеца Аллагьгун рекъе нужилан. 21 Мунагьго гьечІевав нилъер мунагьалъе гІоло къурбанлъун гьавуна Аллагьас, – гьесдалъун нилъеде Аллагьасдасан ритІухълъи рещтІинабизе.

6

1 Аллагьасда цере хІалтІулаго нижеца нужеда гьарулеб буго: Аллагьас нужеде рещтІараб баркат гІадада хвезе тогейилан. 2 Гьес абун бугелъул: «Болжал щвараб заманалда дур гьари-дугІа къабул гьабуна Дица, мун хвасарлъизе хъван букІараб къоялъ дуе кумекги гьабуна Дица», – ян. Гьале гьанже бачІун буго доб болжал щвараб заман, бачІун буго нилъ хвасарлъизе хъван букІараб къо! 3 Нижеца лъиениги квекІен гьабуларо, – Аллагьасе гьабулеб хъулухъалда лъицаниги гІайиб чІвангутІизе. 4 Гьелъул гІаксалда, нижеца гьабулебщиналдалъун бихьизабула Аллагьасе хъулухъ гьабулеб букІин: кІудияб сабруялда хІехьола балагьал, къварилъаби, гІазабал, 5 тІилица рухи, туснахъалда тІами, питнаби, захІматаб хІалтІи, макьу тей, кІалкквей. 6 Нижелъ буго рацІцІалъи, лъай-гІакълу, сабру, ракІлъикІлъи, Илагьияб РухІ, унго-унгояб рокьи, 7 хІакъаб рагІи ва Аллагьасдасан бачІараб къуват. Нижер кваранабги квегІабги хъатикь буго ритІухълъиялъул ярагъ. 8 Нижер хІурматги гьабула, ниж хІакъирги гьарула. Ниж какула, ниж реццула. Нижеца гуккулел ругилан абула, амма нижеда божизе бегьула. 9 Нижер цІар тІибитІун гьечІо, амма киназдаго ниж лъала. Ниж хванилан рикІкІуна, амма ниж чІаго рукІин бихьулеб гьечІищ! Суд гьабун ниж рухана, амма чІвазе кІвечІо. 10 Ниж къварид гьарула, амма ниж рохун рукІуна. Ниж мискинго руго, амма нижеца гІемерал гІадамал бечелъизарула. Нижер щибниги гьечІо, амма кинабгоги нижеда кодоб буго. 11 Нижер кІутІбуз, коринфиял, битІараб бицуна нужеда, нижер ракІалги нужее рагьарал руго. 12 Нижеца гуро нужедаса ракІалда бугебщинаб бахчулеб бугеб, нужецайин ракІалда бугебщинаб нижедаса бахчулеб бугеб. 13 Дирго лъималазда гІадин гьарулеб буго дица нужеда: нужецаги ракІал рагье нижее. 14 Иман гьечІелгун цадахъ цо рукьалда рарал оцал гІадин рукІунге. РитІухълъиги пасалъиги цоцазда бухьине кин бегьулеб? Канлъиги бецІлъиги кин цадахъ букІунеб? 15 МасихІидаги илбисалдаги гьоркьоб маслихІат кин гьабулеб? Иман лъуравги иман гьечІевги цоцазда кин релълъунев? 16 Мукъадасаб Рукъалдаги гьересиаллагьзабаздаги гьоркьоб кинаб хурхен-рухьен букІунеб? Нилъ ругелъулха хІакъав Аллагьасул Мукъадасаб Рукълъун. Илагьиял ТІухьдузда хъван бугелъул: «Дун гьезухъе рещтІина, гьезда цадахъ вукІина, гьезул Аллагьлъун лъугьина, ва гьелги дир халкълъун лъугьина, – ян абулеб буго БетІергьанас. 17 – Гьединлъидал гьезда гьоркьоса нахъе а, гьездаса батІаго чІа, хІарамаб жоялдаги хъваге». 18 Цоги: «Дица нуж дихъего рачина, нужее эменлъи гьабила, нужги Дие васаллъунги ясаллъунги рукІина, – ян абулеб буго Къудратав БетІергьанас».

7

1 Нилъее гьедин рагІи кьун бугелъул, дир хириял, хІарамабщиналдаса бацІцІад гьабилин нилъерго черхги рухІги! Аллагьасукьа хІинкъун, гьеб рацІцІалъиги камиллъизабилин! Павел коринфияздаса рази вуго 2 Нужерго ракІал рагье нижее. Нужер цониги чиясе квешлъи гьабичІо нижеца, цониги чиясул магІишат биххизабичІо, цонигиясдалъун нижгоги бечелъичІо. 3 Нужеда гІайиб чІвазе гуро дица гьедин абулеб бугеб. Цебеги абун букІана: нуж нижер ракІазулъ рукІина ниж хваниги-рахъаниги. 4 Дун нужеда цІакъ божун вугевха! Дун нужедаса цІакъ чІухІун вугевха! Гьаб кинабго гІазаб-гІакъуба бугониги, дун цІакъ чІаголъиялда вуго! ЦІун тІасан чвахулеб рохелги буго рекІелъ! 5 Гьанире Македониялде рачІараб мехалъ, рахІат-хІалхьи толеб букІинчІо нижее. Кирехун руссаниги, балагь батулаан цебечІун, – къватІисан тІаделъиги, жаниб рекІелъ хІинкъиги. 6 Язихъал-пакъираздаги кверчІвалев Аллагьас кверчІвана нижеда, Титги гьаниве витІун. 7 Гьев вачІиналдаса гуребги, нужеца гьесда кверчІванилан бициндалги вохана. Гьес бицана, нуж диде ракІщун ругилан, дандеккунгутІи сабаблъун къварид ругилан, кІудияб гъира-шавкъалда нужеца дир рахъ кколебги бугилан. Дагьавги цІакъ вохана дун гьелдаса. 8 Дир кагътица нуж пашманлъизарун ратаниги, гьанже дир ракІбухІун гьечІо гьеб хъваялдаса. Доб мехалъ ракІбухІун букІараб батаниги, дида бихьана гьеб кагътица нуж цо дагьабго заманаялъгІаги пашманлъизарураллъи. 9 Амма гьанже гьелдаса вохун вуго. Нуж пашманлъиялдаса гуроха дун вохун вугев, гьелдалъун нуж кантІиялдасайин. Гьеб пашманлъи Аллагьасдасан бугелъул, нижедасан нужее щибго зарал-зиян ккун гьечІогури. 10 Аллагьасдасан бугеб пашманлъиялъ кантІизарула, хвасарлъизарула. Гьелдаса ракІбухІизеги кколаро. Амма гьаб дуниялалъул пашманлъиялъ хвалде рачуна. 11 Халгьабеха гьеб Аллагьасдасан бачІараб пашманлъиялъ нужелъ гъира-шавкъ бижизабураб куцалъухъ! Нужго рацІцІалъизе бахъараб хІаракаталъ, мунагь гьабурасдехун ццидал кутакалъ, гьелда хурхун букІараб ахІи-хІуралъ, дун вихьизе бугеб урхъиялъ, гІайиб ккарасе гьабураб тамихІалъ, – гьеб киналдалъунго нужеца бихьизабуна нуж гьеб ишалъулъ рацІцІадал рукІин. 12 Дица доб кагъат нужехъе хъван букІаниги, гьеб хъван букІинчІо жиндие зарал гьабурав чи яги жинца зарал гьабурав чи сабаблъун. Гьеб хъван букІана Аллагьасда цебе нижедехун кинаб рокьи нужер бугебали нужедаго бичІчІизе. 13 Гьелъ нижер ракІбатизабуна. Гьелъ ракІбатизабун ниж ругеб мехалда, дагьабги ракІбатизабуна Титги нужедаса вохун вукІин лъайдал. Гьесул рекІелъа ургъел бачахъун буго нужеца киназго. 14 Дица нуж гьесие цІакъ реццун рукІана, гьеб сабаблъун нечезе ккечІо дун. Нижеца нужеда бицарабщинаб битІараб букІарабго гІадин, нуж реццун нижеца Титида бицун букІарабги битІараб батана. 15 Нужехъе жив вачІараб мехалда нужер букІараб хІинкъиги, сородиги, мукІурлъиги ракІалде щун, гьанже Титие жеги цІикІкІун рокьулел руго нуж. 16 Дун вохун вуго тІубанго нужеда божизе бегьулеб букІиналдаса.

8

1 Нижее бокьун буго, вацал, Македониялда ругел иман лъуразул агьлуялда Аллагьас баркат лъун бугеблъи нужеда лъазе. 2 ГІазаб-гІакъуба хІехьезе ккун хадуб гьарзаяб рохелги кутакаб мискинлъиги насиблъарал гьезулъ сахаватлъи цІикІкІана, цІадалдаса хадуб гІоразул, лъаразул лъим гІадин. 3 РакІ разилъун гьез садакъаби кьуна (дир беразда бихьана гьеб) жидеда кІварабгІанги, хІатта гьелдаса цІикІкІунгицин. 4 Гьез кутакалда гьарулеб букІана нижеда Аллагьасе хирияб халкъалъе жидецаги кумек гьабизе биччайилан. 5 Нижеда ракІалдацин букІинчІо гьез гьедин абилилан. Гьез жидерго кверщел тІоцебе ТІадегІанасухъе кьуна, цинги Аллагьасул амруялдалъун нижехъеги кьуна. 6 Гьединлъидал нижеца Титида гьарулеб буго нужер гьениб гьес гьабизе байбихьараб баркатаб иш рагІалде бахъинабейилан. 7 Нужелъ кинабго гьарзалъун буго: божи-иманги, кІалзул пасихІлъиги, гІелму-лъайги, сундулъго хІаракатги, нижедехун нужер рокьиги. Гьеб баркатаб ишалъулъ щибго камун хутІугеги нуж. 8 Амру гуро дица гьабулеб бугеб. Цогидазул хІаракаталъулги бицун, дица халгьабулеб буго вацаздехун нужер рокьи унго-унгояб бугищали. 9 Нужеда лъала нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІидасан щолеб баркат. Бечедав вукІаниги, нужее гІоло мискинлъана гьев, – гьесул мискинлъи сабаблъун нуж бечелъизе. 10 Гьеб ишалъул рахъалъ дица нужее гьадинаб гІакълу кьела: гъоркьиса байбихьараб хІалтІи гьанже рагІалде бахъинабун лъикІ нужеца. Гьеб тІоцебе байбихьарал чагІиги нуж руго, гьеб гьабизе тІоцебе бокьарал чагІиги нуж руго. 11 Доб мехалда букІараб гІадинаб гъира-шавкъалда, нужерго ресалда рекъон, рагІалде бахъинабе нужеца гьеб иш. 12 Садакъа кьезе ракІалда бугев чияс гьеб жиндир ресалда рекъон кьейилан абула Аллагьас, рес гьечІони, кьезе кколарила гьес гьеб. 13 Нужер гьодида бакІаб гьирги лъун, цогидазе бигьалъи гьабизе гуро дица гьедин абулеб бугеб. Ращалъи букІине кколин абизе бокьун буго дие. 14 Нужее гьанже щибго гьарзалъун бугеб мехалда, язихъ ругезе нужеца кумек гьабуни битІун букІинарищ? Нуж язихъго ругеб мехалда, гьезие гьарзалъи щвани, гьезги гьабила нужее кумек. Гьеле гьедин ращалъила нуж. 15 ТІухьдузда хъван бугелъул: «ГІемераб бакІарарасул щибго тІокІлъичІо, дагьаб бакІарарасе щибго камичІо», – ян. 16 Нужее кумек гьабизе гьединабго гъира-шавкъ Титил рекІелъе лъугьинабурав Аллагьасе рецц! 17 Нижеца гьарараб гьабизе разилъи гуребги, гьесие жиндиегоги цІакъ бокьун буго нужехъе вачІине. 18 Гьесда цадахъ нижеца витІулев вуго Рохалил хабар тІибитІизабиялъул рахъалъ иман лъуразул киналго жамагІатазда гьоркьов машгьурав нижер цо диналъул вац. 19 Гьединго иман лъуразул жамагІатаз гьев вищун вуго, гьаб баркатаб иш тІубазабулаго, нижеда цадахъ кидаго сапаразда вукІине. ТІадегІанасул цІар-рецц цІикІкІинабизе ва нужее кумек гьабизе ниж хІадурал рукІин бихьизабизе тІаса вищарав чи вуго гьев. 20 Гьарзаго щолеб бугеб садакъа нижеда божун тезе бегьуларилан лъицаниги абизе бокьун гьечІо нижее. 21 ТІадегІанасда цебе гуребги, гІадамазда цебеги гІайиб чІваларедухъ рукІине бокьун буго. 22 Гьел кІияздаго цадахъ витІулев вуго нижер цоги вацги. БатІи-батІияб ахІвал-хІалалда чанцІулго хІалбихьун лъана нижеда вацазе кумек гьабизе гъира-шавкъалъул цІурав чи гьев вукІин. Гьанже гьесул нужеде божилъи цІикІкІун бугелъул, гьелдаго цадахъ цІикІкІун буго гьесул гъира-шавкъги. 23 Титил рахъалъ абуни, гьев вуго дир гьалмагъ ва нужее хІалтІулев чи. Цогидал вацалин абуни, гьел руго иман лъуразул жамагІатаз ритІарал чагІи, – МасихІил цІар-рецц цІикІкІинабулел чагІи. 24 ХІасил, иман лъуразул жамагІатазда бихьизабе нужее гьел чапарзаби рокьараллъи ва нижеца нуж гІадада реццун рукІинчІеллъи.

9

1 Аллагьасул халкъалъе кумек гьабизе кколеблъи дица хъвачІониги бегьила. 2 Нужер гъира-шавкъ букІин лъайдал, македониязеги реццана дица нуж, гъоркьисаялдаса нахъего Ахая кумекалъе хІадурго бугилан. Нужер гьеб гъира-шавкъалъ квербакъана гьезул гІемерисезги чода цІал кьабизе. 3 Гьеб мехалъ нуж хІадурго рукІина, дица цебеги бицун букІана гьелъул хІакъалъулъ. Гьеб ишалъулъ дица нуж реццун абурал рагІаби гІадада ккечІого рукІинелъун ритІулел руго нужехъе гьал диналъул вацал. 4 Цинги, дида цадахъ македониял гьенире рачІараб мехалъ, нуж хІадурго ратичІони, гьезда цере нуж сурарал гІечІого, нижги сурила, – ракІчІун нужеда божун рукІиндалха. 5 Гьединлъидал дица хІукму гьабуна гьал вацазда гьаризе, дидаса цере гьенире ун, нужеца рагІи кьун букІараб садакъа гьениб цебеккунго бакІареян. Гьеб букІина хІалица бахъараб гуреб, ракІ разилъун кьураб садакъа. 6 КІочон тоге: лъедерго хьон хьарасе лъедерго бижула, ризго хьарасе ризго бижула. 7 Щивас кьезе биччай гьесул ракІалъ къабул гьабураб къадаралда. Бокьун гурони кьоге, кьун хадуб ракІбухІуге. РакІ разилъун кьолев чи вокьула Аллагьасе. 8 Аллагьасда кІола нужее кинабго гьарзалъуледухъ ва садакъаде кьезеги тІокІлъуледухъ баркат рещтІинабизе. 9 ТІухьдузда хъван бугелъулха: «Мискиназе квергІатІидав вуго Аллагь, гьесул гьеб лъикІлъи гІадамазда абадиялъ кІочон толаро», – ян. 10 Хуриб хьазе хьонги кваназе хинкІ-чедги кьолес нужееги кьела къваригІарабщинаб. Нужер лъикІлъиялъул хурги цІун бачІина. 11 Кинабго рахъалъ бечелъила нуж, нужер сахаватлъиги цІикІкІина. Нижедасан нуж ругьунлъараб сахаватлъи сабаблъун гІемерал гІадамаз Аллагьасе рецц гьабила. 12 Аллагьасе хирияб халкъалъе пайдаги кьела нужер садакъаялъ, гьелъухъ Аллагьасе гьабулеб реццги цІикІкІина, цІад бан хадуб гІоразул, лъаразул лъим гІадин. 13 Гьеб садакъаялъ бихьизабила нужер божи-иман щулалъун букІин. МасихІил хІакъалъулъ Рохалил хабаралъе, – нужеца иман лъураб хабаралъе нужер мутІигІлъиялъухъги жидееги цогидазеги нужер квергІатІилъиялъухъги Аллагьасе рецц гьабила гьез. 14 Нужги рехсон, ракІ-ракІалъго гьари-дугІа гьабила гьез, нужелъ Аллагьасул баркат цІакъго цІикІкІун букІин лъан. 15 Бицун хІалкІоларебгІан кІудияб баркат нилъеде рещтІинабулев Аллагьасе рецц!

10

1 Нужеда аскІов вугеб мехалъ хІинкъа-къалев, рикІкІалъараб мехалъ бахІарчияв чийилан цо-цояз жиндир хІакъалъулъ абулев дун – Павел – вуго нужедехун кІалъалев. 2 МасихІил хІеренлъиялъе ва лъикІлъиялъе гІоло гьарулеб буго нужеда, гьениве вачІараб мехалъ бахІарчи вахъинавуге дир! Нужеда лъан букІа: дун гьединав бахІарчияв вукІуна гьал гІадамазул къагІидаялъ ниж хьвадулел ругин абулездехун. 3 Гьаб дуниялалъул гІадамал ниж ругониги, нижеца гьабулеб рагъ гІадамазул гІадинаб гуро. 4 Гьеб рагъулъ ниж гІадамазул гІадинаб яргъидалъун гуро рагъулел, ниж рагъула щулиял хъулбиги щущазарулеб гучаб яргъидалъун. Аллагьасдасан щвана нижее гьеб. 5 Аллагь лъаялде дандечІаразул чІухІи-пахрулъиялъул хъулбиги щущазарула нижеца. Мекъаб-тІекъаб пикру-къасдги асирлъуде босула ва МасихІие мутІигІаблъун лъугьинабула. 6 Нужер мутІигІлъи камиллъараб мехалъ, ниж хІадурго рукІина мутІигІлъуларевщинасе тамихІ гьабизе. 7 Нужерго берда цебе бугелъухъ ралагье! Цо лъилниги ракІчІун батани жив МасихІил рахъ ккурав чи вугилан, гьес жиндаго гьикъейин абе гьесдаса дагьищ нижеца МасихІил рахъ кколеб бугебилан. 8 Нужер гІумру хвезабизе гуреб, гьеб берцин гьабизе ТІадегІанас нижее кьураб ихтияралъул рахъалъ рецц-бакъ дагьаб цІикІкІунеб бугеб батаниги, дун гьелдаса расги намуслъуларо. 9 Гьадинал кагътал хъван, дица нуж гІицІго хІинкъизарулел ругилан ракІалде ккоге. 10 Цо-цояз абулеб рагІула: «Кагътида хъвалеб жо кутакаб ва кьварараб букІуна, амма живго вачІараб мехалъ кІалъан бажаруларо, кІалдиб мацІги сах-саламат хІалтІуларо». 11 Гьединав чиясда лъан букІаян абе ниж гьенир гьечІеб мехалъ нижеца кагътазда хъвалебщинаб гьенире рачІиндалги гьабулеблъи. 12 Жалго берцин рихьизе хьвадулел цо-цо чагІазда нижго ращалъизаризе яги релълъинаризе гІураб бахІарчилъи гьечІо нижелъ! Жалго гІантал ругелъул, гьез жалго рорцунел руго жидерго роценаздалъун, цоял цоязда релълъинарулелги руго. 13 Нижеца нижго реццила, роцадаса араб хІалалъ гуреб, нижерго роценги цІунун. Гьеб роценги буго Аллагьас нижее бихьизабураб гІорхъи. Нужги жанире рачуна гьеб гІурхъиялъ. 14 МасихІил хІакъалъулъ Рохалил хабарги босун тІоцере нужехъе щварал чагІи нижлъидал, нужехъе рачІунаго гІорхъи бахине ккечІо нижеца. 15 Нижер гІорхъи бахун къватІибехун чияца гьабуралдалъун реццаризеги лъугьунаро ниж. Нижер хьул буго нужер божи-иман цІикІкІинилан ва нижер хьонги хьан нужеца бекьараб хурги цІакъго гІатІилъилилан. 16 Цинги ниж ина нужедасаги дорегІан ругел ракьазда Рохалил хабар тІибитІизабизе, гьезул хурзабахъ цогидаз гьабураб хІалтІиялдалъунги реццариларо. 17 ТІухьдузда хъван буго: «Веццаризе бокьарас БетІергьан вецце!» 18 Живго жинцаго тІадегІанлъизавурав чи муъминчилъун рикІкІунаро, БетІергьанас тІадегІанлъизавурав рикІкІуна.

11

1 Дун цодагьав гІантмахІав вугониги, хІехьеха нужеца! ХІехьейилан гьарулеб буго нужеда! 2 Рос-лъадуда гьоркьоб букІунеб гІадинаб гуреб, Аллагьасдасан бачІараб щакдари буго дир рекІелъ нужедехун: дица нужер магьари лъуна бихьинчияс квер хъвачІей бахІарай гІадин нуж цохІо вугев росасе – МасихІие кьезе. 3 Амма дун хІинкъун вуго, хІилла-макруялдалъун борхьица ХІава къосинаюрай гІадин, МасихІидехун ракІбацІцІалъиги ритІухълъиги рехун теялдалъун нуж къосинилан. 4 Нужехъе вачІун цо лъицаниги бицунеб бугони нижеца жиндир хІакъалъулъ бицун букІарав ГІиса гурев, гьез ГІисайилан абулев цогидав чиясул хабар, нуж гьелда божула; нужеде рещтІараб РухІ гуреб, цогидаб рухІалдаги божула; нужеца иман лъураб гуреб, цогидаб Рохалил хабарги бигьаго къабул гьабула. 5 «ЧІахІиял чапарзабийилан» рикІкІунел чагІаздаса дун сундалъунниги къадарав гьечІилан ккола дида. 6 Бицине кІалзул гьунар кІудияб гьечІониги, гІелму-лъай гІезегІанго цІикІкІараб буго дир. Кинабго рахъалдасан ва киналго ишазулъ бихьизеги гьабуна гьеб нужеда. 7 Аллагьасдасан Рохалил хабар нужеда гьоркьоб тІибитІизабулеб мехалъ, дунго хІакъир гьавун, нуж кІодо гьарун, нужехъа щибго босичІогойилан гІайиб чІвазеги бегьула нужеца! 8 Иман лъуразул цогидал жамагІатал «талавур гьаруна» дица, нужее кумекалъе гІарацги гьездаса тІалаб гьабун. 9 Нужер гьенив вугеб заманалда дие гІарац хІажалъаниги, нужер гьодиде гьир бегизабичІо дица – дие хІажатабщинаб кьуна Македониялдаса рачІарал вацаз. ГьанжелъагІанги дица нужедаса щибго тІалаб гьабичІо, гьанжеялдаса хадубги гьабиларо. 10 Гьелдаса бугеб чІухІиги дир рекІелъа, – дилъ бугеб МасихІил ритІухълъиялхІайилан гьедулев вуго дун нужее, – гьеб Ахаялъул киналго бакІазда цониги чиясда бахъизе кІвеларо. 11 Щай? Дие нуж рокьуларелъулищ? Аллагьасда лъала гьеб. 12 Дица гьанжелъагІан гьабулеб букІарабщинаб гьанжеялдаса хадубги гьабила, – жидецаги Аллагьасе хъулухъ нижеца гІадин гьабулеб бугилан жалго реццизе бокьарал гІадамалги ругелъул. Амма гьедин жалго реццизе нух кьеларо дица гьезие. 13 Гьел руго гьересичапарзаби, яхІ-намус гьечІел хІалтІухъаби. МасихІил чапарзаби ругилан чІарал чагІи руго гьел. 14 Гьелда хІикмалъизе ккеларо! Нуралъул цІурав малаикасухъего хІала илбисги. 15 РитІухълъиялъул хъулухъчагІи ругилан илбисалъул рагьтІателал чІеялдаги хІикмалъизе ккелищ? Амма гьезул ишазда рекъараб тамихІги ахирги хІакъаб буго гьезие! 16 Цоги нухалъ абулеб буго: лъицаниги рикІкІунге дун гІантмахІав вугилан. Дун гІантмахІав ватаниги, дихъ гІенекке, дунго дицаго цодагьав веццилин. 17 Гьанже дица абизехъин бугеб рагІи ТІадегІанасдасан бачІараб гуро. Жидедаго ракІчІун гІабдалзабаз жалго реццулел гІадин, дунго веццизе лъугьун вуго. 18 Гьаб дуниялалъул ишаздаса чІухІун, гІемерисез жалго жидецаго реццулел гІадин, дицаги веццила дунго. 19 Гьединалго гІакъилал гІадамаллъидал нужги, гІабдалзаби нужеца рази-ракиго хІехьолел руго. 20 Нужеца хІехьолеб буго гьез нуж лагълъиялде ккезаруниги, гьез нуж талавур гьаруниги, гьез нужеда тІад кверщел гьабуниги, гьел нужедехун гІамалкІодого ругониги, гьез нужер гьурмалъ хъатал ралел ругониги. 21 Гьединал ишазе, гьезул гІадин, нижер гьунар рекъечІилан нечезейищха ниж кколел? Сундасаниги чІухІун живго веццизе кІолев чи цониги ватани, дидаги кІола гьелдаса чІухІун дунго веццизе. (ГІантмахІав чи гІадин кІалъалев вуго дун гьанив!) 22 ЖугьутІал рукІани щиб гьел? Дунги жугьутІав вуго. Исраилил наслу букІани щиб? Дунги гьебго наслуялъул вуго. Ибрагьимил зурият букІани щиб? Дунги гьеб зурияталъул вуго. 23 МасихІие хъулухъищ гьез гьабулеб бугеб? БетІер сверарав чияс гІадин абила дица: гьез гьабуралдаса цІикІкІун гьабуна дица гьеб. ЦІикІкІун хІалтІизеги хІалтІана, туснахъаздеги цІикІкІун ккана, чан нухалъ дун вухаравалиги рикІкІун хІал кІвеларо, хвалил бадивеги чанцІулго валагьизе ккана. 24 ЖугьутІаздасан дие щуцІулниги насиблъана лъебералда ичІ-ичІ нухалъ гьодилъ цІал кьаби. 25 Румазги дун лъабцІулниги тІилица вухана, цо нухалъ ганчІица чІвалевги вукІана. Ралъад гьалаглъараб мехалъ гамидаги вукІана лъабго нухалъниги. ТІубараб сордо-къоялъ ралъдадаги хутІана. 26 ГІемерал сапараздаги вукІана дун. ГІорал-лъараздасан хІинкъи, хъачагъаздасан хІинкъи, дирго халкъалдасан хІинкъи, цогидал халкъаздасан хІинкъи, шагьаразда букІунеб хІинкъи, гІадан-чи гьечІел бакІаздаги хІинкъи, ралъдадаги хІинкъи, гьересиго вацаздасанги хІинкъи. 27 ЗахІматаб хІалтІи, макьу гьечІел гІемерал сардал, ракъи-къеч, гІемераб заманаялъ ккураб кІал, квач ва хохораб ретІел. 28 ТІаде жоялъеги щибаб къоялъ дида тІаде бегун буго иман лъуразул тІолалго жамагІатазул тІалаб-агъазги. 29 Цо лъилниги тату хвани, гьесдаго цадахъ дирги тату холарищ? Цо щивниги къосинехъин вугони, – цІа рекІунарищ дида? 30 Дунго веццизе ккани, дирго загІиплъи беццила дица. 31 ТІадегІанав ГІисал Эмен – Аллагьасда (Жиндие рецц даимлъаясда) лъала дица гьереси бицунеб гьечІолъи. 32 Дамаскалда Арета парччахІасул сардарас шагьаралъул киналго кавабазухъ хъаравуллъи чІезабун букІана дун кквезе, 33 амма дун шагьаралъул къадалъ бугеб картІинисан гьагьинивги лъун гъоркье виччана ва гьесдаса хвасарлъана.

12

1 Диего рецц-бакъ гьабизе кколеб буго – дие пайда гьечІониги, гьанже бицинин ТІадегІанасдасан рукІарал илгьамазулги церетІамиязулги. 2 Дида лъала МасихІиде цолъарав цо чи. Гьанжеялдаса анцІила ункъо соналъ цеве лъабабилеб зодове восун ун вукІана гьев. (Черхгун цадахъищ – дида лъаларо, гІицІго рухІищ – гьебги лъаларо, Аллагьасда лъала.) 3 - 4 Дида лъала гьев чи алжаналъуве вачун ун вукІаравлъи. (Черхгун цадахъищ – дида лъаларо, гІицІго рухІищ – гьебги лъаларо, Аллагьасда лъала.) Гьениб гьесда рагІана лъицаниги абичІел ва инсанас абизеги бегьуларел рагІаби. 5 Гьединав чиясда рекъараб буго живго веццизе, дида рекъараб гьечІо, дирго загІиплъи беццани гурони. 6 Дунго веццизе байбихьаниги, гІантмахІавлъун лъугьинаро дун, дица битІараб бицунелъул. Дир хІакъалъулъ рагІарабги дилъ бихьарабги гурони гІадамаз бицине бокьун гьечІелъул, диего рецц-бакъ гьабиларо дица. 7 Диеги илгьамал лъугьанилан дун цІакъго чІухІдарунгутІизе, Аллагьас дир чорхолъ къазабун буго гІазаб-гІакъубаялъул заз. Гьеб ккола илбисалъул чапар. ЧІухІдарунгутІизелъун дун вухизе изну кьун буго Аллагьас гьев чапарасе. 8 Дица лъабцІулго гьарана ТІадегІанасда, гьев тІаса восейилан. 9 Амма Гьес абуна: «Дидасан бугеб баркатги гІела дуе, загІиплъиялъулълъидал дир къуват камиллъулеб». Гьединлъидал дагьабги цІикІкІун беццила дица дирго загІиплъи, МасихІил къуват дилъго хутІизе. 10 МасихІие гІоло загІиплъизеги, инжит-хІакъир гьавизеги, захІмалъи баччизеги, хадурчІун дир рахІат хвезабулезул гІазаб-гІакъуба хІехьезеги рази вуго дун, – загІиплъараб мехалълъидалха дун къуватавлъун лъугьунев. 11 ГІантмахІав чияс гІадинал жал рицунел руго дица. Нужеца рицинаруна дида гьел. Нужедани лъазе кколаан дун кинав чи вугевали. Дунго щивго гурев чи вугониги, гьел «чІахІиял чапарзабаздаса» сундалъунниги къадарав гьечІо. 12 Нужее загьирлъун рукІана хІакъав чапар вукІин лъазабулел жал: сундулъго сабру, мугІжизатал, гІаламатал ва Аллагьасдасан рещтІараб къуватги. 13 ГІарац кьейилан нужер гьодиде гьир бегизабичІолъи гурони, иман лъуразул цогидал жамагІатазе гьабуралдаса батІияб мекъаб-тІекъаб жо щиб дица нужее гьабураб? Гьеб рехсараб «гІайиб» кканин, тІасалъугьа дидаса! 14 Гьанже дида ракІалда буго лъабабизеги нужехъе вачІине. Гьебмехалдаги нужер гьодиде гьир бегизабиларо дица, нужераб гуро дие къваригІун бугеб, нужго къваригІун руго. Лъималаз гуро эбел-инсуе нахърател гьабизе кколеб, эбел-инсуца лъималазейин. 15 Дун рази вуго дир бугебщинабги нужее кьезе, дунгоги кьезе. ГьадигІан цІакъ дие нуж рокьулеб мехалъ, нужее дун дагьго вокьизе бегьилищ? 16 Нужедаго лъалагури, щибниги гьарун дица нужеда захІмат баччизабичІолъи. Амма цо-цояз абизе бегьула сихІирго хІалтІун хІиллаялъ кверде росанин дица нужилан. 17 Дица нужехъе ритІаразул цоясдасангІаги щибниги щварабищ дир бетІербахъиялъе? 18 Дица Титида гьарана нужехъе айилан ва гьесда цадахъ цо вацги витІана. Титица бегьарабищ нужер кисинибе квер? Цого Илагьияб РухІалъ малъухъе гурищ дунги гьевги хьвадулел ругел? Цого галаби гурищ нижеца тІамулел ругел? 19 Гьаб кагъат цІалулаго нужеца пикру гьабун батила нужеда цере нижго ритІухъ гьаризе лъугьунел ругин нижилан. Аллагьасда цере МасихІиде цолъун кІалъалел руго ниж. Нужер гІумру берцин гьабизе гІоло буго, дир хириял, гьеб кинабго. 20 Дун хІинкъун вуго, – нагагь дун гьениве вачІани, дида ратизе бокьараб къагІидаялда нужги ратиларин, нужеда ватизе бокьараб къагІидаялда дунги ватиларин. Нужеда гьоркьоб дагІба-къец, щакдари, ццин, хъантІи, бугьтан, мацІ, чІухІи-пахрулъи ва гъалмагъир батилин хІинкъун вуго. 21 Гьанжеги нужехъе вачІараб мехалъ нуж сабаблъун дир Аллагьас дун гІодовегІанлъизе гьавилиланги хІинкъун вуго. Гьебмехалда нужер гІемерисезда хадуб (хваразда хадуб гІадин) магІу гьабизе ккела дица. Гьел рукІина адаб гьечІолъи, пасалъи, хъахІбалъи гІадинал мунагьал гьаруниги, жал кантІичІел, гьел рехун течІел гІадамал.

13

1 Лъабабилеб нухалдаги вачІинехъин вуго дун нужехъе. ТІухьдузда хъван буго: «Лъилниги рагІи ритІухълъизе ккани, къваригІуна кІиго яги лъабго чиясул нугІлъи». 2 КІиабилеб нухалъ вачІараб мехалдаги лъазабун букІана, гьанже нужедаса рикІкІад вукІаго нахъеги лъазабулеб буго, гьел мунагьал рехун течІезе ва киналго цогидазеги гьаб нухалда гурхІел букІине гьечІилан. 3 Нужеца тІалаб гьабулеб буго дун МасихІил кІалдисан кІалъалев вукІин чІезабейилан. МасихІ нужее загІипавлъун гуро загьирлъун вугев, нужеда гъорлъ жиндирго къуват бихьизабулеб буго гьес. 4 ХІакъикъаталдаги загІипав вукІана гьев хъанчида ван вугеб мехалъ, амма Аллагьасул къудраталъ чІаголъизавуна. Гьесде цолъарал нижги загІипал руго, амма Аллагьасул къудраталдалъун нужеда гъорлъ нижги гьесда цадахъ чІаго рукІина. 5 Нужер иман щулалъун бугищали хІалбихье. ГІиса МасихІ нужелъги вукІин бичІчІулеб гьечІебищ нужеда? Гьеб бичІчІулеб батичІони, Аллагь разилъун гьечІо нужедаса. 6 Нижедаса Аллагь разилъун вукІин нужеда лъалилан хьул буго нижер. 7 Нижеца Аллагьасда гьарула нуж квешлъи гьабизе риччагейилан. Нижедаса Аллагь разилъун вукІин чІезабизе гуребха нижеца гьеб гьарулеб. Нужеца лъикІлъи гьабуни гІела нижее, нижедаса Аллагь разилъун гьечІилан нужеда ракІалде кканиги. 8 ХІакъабщиналде данде къеркьезе гуреб, гьелъие гІоло къеркьезейин нижелъ къуват бугеб. 9 Ниж загІиплъун ругони, нужелъ къуват цІикІкІани, гьелдаса рохула ниж. Нижеца Аллагьасда гьарулеб жого нуж лъикІаб рахъалде рачейилан буго. 10 ГІумру хвезабизе гуреб, гьеб берцин гьабизе ТІадегІанас дие кьураб ихтияралда рекъон, нужер гьениве вачІун кьварараб тамихІ гьабизе ккунгутІизейин гьанив вукІун хъвалеб бугеб дица гьадин. 11 Кагътил ахиралдаги – роха-хинлъун рукІа, вацал, битІараб нухде русса, дица гьарарабги гьабе, цоцазулгун рагІи данде ккезабе, рекъа-решон рукІа, – рекъелги рокьиги рещтІинабулев Аллагьас рехун теларо нуж! 12 Иман лъуразул агьлуялъ гІадин цоцазда баун салам гьабе. Иман лъуразул тІолабго агьлуялъулги салам буго нужеде. 13 ТІадегІанав ГІиса МасихІил цІобги Аллагьасдасан рокьиги даимго хутІаги нужелъ. Илагьияб РухІалъ цолъизареги нуж.