Фессалоникиязухъе 1

1

1 Нилъер Эмен – Аллагьасде ва ТІадегІанав ГІиса МасихІиде иман лъуразул Фессалоникаялда бугеб агьлуялде Павелил, Силал ва Тимофейил салам буго. Баркат лъеги нужеда! 2 Нужеде баркат рещтІаралъухъ Аллагьасе рецц гьабула нижеца кидаго, нижерго дугІадулъ нужги рехсола. 3 Нилъер Эмен – Аллагьасе дугІа гьабулаго нижеда кІочон толаро божи-иманалъ нуж захІмат баччизе тІамулел рукІинги, рекІелъ рокьигун хІалтІулел рукІинги ва нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІиде хьул лъеялъ нужелъ сабру бижун букІинги. 4 - 5 Нижер Рохалил хабар, рагІабаздалъун гуребги, Илагьияб РухІалъул хІалкІолъиялдалъунги нужехъе щведал ва гьеб кинабго хІакъаб-кьучІаб бугелъул, нижеда лъала, вацал, Аллагьасе нуж рокьулеллъиги гьес нуж тІаса рищун рукІинги. Нужеда лъала нужее лъикІлъиялъе ниж гьенир кин хІалтІаралали. 6 Нижедаса ва ТІадегІанасдаса мисал босун хьвадана нуж. ГІемер гІазаб-гІакъуба бихьаниги, Илагьияб РухІалдаса рохун къабул гьабуна нужеца нижер рагІи. 7 Нужгоги мисаллъун лъугьана Македониялда ва Ахаялда ругел киналго иман лъуразе. 8 Македониялда ва Ахаялда гуребги, киса-кибего нужедасан тІибитІана ТІадегІанасул хІакъалъулъ хабар, гьединго тІибитІана Аллагьасде нужер иманалъул хІакъалъулъ хабарги. Гьединлъидал нужер рахъалъ лъиданиги щибниги бицине кколаро нижеца. 9 ГІадамаз жидецаго бицуна нижеда гьениб нужеца нижее гьабураб гьоболлъиялъулги, гьересиаллагьзабазул сураталги нахъе рехун, нуж Бичасде руссиналъулги, ЧІагояв ва ХІакъав Аллагьасе гьабулеб нужер гІибадаталъулги, 10 хваралъуса вахъинавурав гьесул Вас, къиямасеб къоялъ Аллагьасул цциналдаса нилъ хвасар гьарулев ГІиса вачІиналъухъ нуж ралагьун чІун рукІиналъулги.

2

1 Нужедаго лъала, вацал, ниж гьенире рачІин гІадада ккечІеблъи. 2 Гьенире рачІиналде Филиппиялда нижее кьураб гІазабги гьабураб инжитлъиги лъала нужеда, бугониги гьениб кутакаб дандечІейги къинабун, нижеца иман лъурав Аллагьас нижер ракІал къвакІизаруна, гьесдасан бачІараб Рохалил хабар нужееги бицине букІине. 3 Нижер рагІабазулъ я гьереси, я хъублъи, яги рекІкІ гьечІо. 4 Рохалил хабар тІибитІизабизе мустахІикъал гІадамаллъун Аллагьас ниж рикІкІиндалин нижер рагІаби гьединал ругел. ГІадамал разилъи гуреб, нижер ракІазул хІалбихьулев Аллагь разилъи буго нижер мурад. 5 Гьересияб рецц-бакъалъул рагІабигун рачІинчІо ниж гьенире, ва боцІи-рикъзиялде хъантІиги бахчун букІинчІо нижер рагІабазулъ. Гьеб нужедаги лъала, Аллагьги вуго гьелъие нугІлъун. 6 Нижеца гІадамаздаса рецц-бакъ тІалаб гьабичІо – я нужедаса, яги цогидаздаса. 7 МасихІил чапарзаби ругилан нужер гьодиде гьир ккезабизе бегьилаан нижеца. Амма каранда хахулеб лъимер бугей эбел гІадин, цІакъ хІеренго хьвадана ниж нужеда гьоркьор. 8 Нуж нижее цІакъ рокьана! Рохалил хабар нужехъе кьей гуребги, нужее гІоло рухІ кьезеги разилъилаан ниж. ГьедигІанги хиралъана нуж нижее. 9 Нужеда ракІалда батила гьениб нижеда бихьараб захІмат-гІакъуба: нужер лъиданиги тІад раччун рукІинарилан, къаси-къад чІечІого хІалтІана нижерго бетІербахъиялъе ва нужеда Илагьияб Рохалил хабарги лъазабуна. 10 Нужги Аллагьги нугІзаллъун руго иман лъурал нужедехун нижер букІараб ракІбацІцІалъиялъеги, ритІухълъиялъеги, гІайиб-хатІа ккезе биччачІолъиялъеги. 11 - 12 Гьединго нужеда лъала, нуж жиндирго ПарччахІлъиялъулги машгьурлъиялъулги бутІа босизе ахІарав Аллагь разилъиледухъ хьвадейилан, инсуца васасда гІадин, нужер щивасда нижеца бицараблъи, гьарараблъи, ракІгьесизабураблъи. 13 Нижеца кидаго Аллагьасе рецц гьабула, нижеца нужеда Аллагьасул рагІи бицараб мехалъ, гьелъухъ гІенеккун, нужеца гьеб инсанасулаблъун гуреб, Аллагьасулаблъун къабул гьабидал. Гьединаб бугизеги буго гьеб. Божи-иман букІиналъин Аллагьасул ишал нужелъ загьирлъулел. 14 Аллагьасде ва ГІиса МасихІиде иман лъуразул Ягьудиялда ругел жамагІатазе ккараб ккана, вацал, нужееги, Ягьудиялъул жугьутІаз гьезие кьураб гІадинаб гІазаб-гІакъуба кьуна нужееги нужерго халкъалъ. 15 ЖугьутІаз чІвана ТІадегІанав ГІисаги аварагзабиги, нижги гьез нахъе гъуна. Аллагьги гьез рази гьавуларо, киналго гІадамазда дандечІунги руго гьел! 16 Хвасарлъулеб хабар цогидал халкъазда бицине нижее квекІен гьабуна жугьутІаз. Гьелдалъун тІубанго камиллъана кидаго гьез гьарурал квешлъаби! Ахирги Аллагьасул ццин бахъин рещтІана гьезде. 17 Доб мехалъ нужедаса ратІалъизе ккедал, – нижго рикІкІалъаниги, ракІалда нужгун рукІиндал, – нуж рихьизе дагьабги цІикІкІун хІаракат бахъулеб букІана, вацал, нижеца. 18 Гьединлъидал нужехъе рачІине къачІан рукІана ниж, – дун Павелги чанцІулго къачІан вукІана, – амма илбисалъ квалквал гьабуна нижее. 19 Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІ вачІараб мехалъ, гьесда цебе, нуж гурони, щал нижее кколел нижер хьуллъунги, рохеллъунги ва рецц-бакъалъул тажлъунги? 20 Нуж руго нижер чІухІиги рохелги!

3

1 Гьединлъидал, нужедаса ратІалъи хІехьезе кІвечІеб мехалъ, нижеца хІукму гьабуна, нижгоги Афиниялда чІун, 2 нужехъе Тимофей витІизе. Гьев вуго, МасихІил хІакъалъулъ Рохалил хабар нижеда цадахъ тІибитІизабун, Аллагьасе хъулухъ гьабурав нижер вац. Гьев витІана нужер ракІбатизабизе, иман щулалъизабизе, 3 ва гьеб гІазаб-гІакъубаялдалъун нужер цонигияв къосунгутІизе. Нужеда лъала гьеб гІазаб-гІакъуба Аллагьас нилъее бихьизабун букІин. 4 Ниж гьенир ругеб мехалъго нижеца нужеда абун букІинчІищ гьеб гІазаб-гІакъуба гьечІого нилъ хутІиларилан? Гьедин ккараблъиги бихьулеб буго нужеда. 5 Гьединлъидалин, ратІалъи хІехьезе кІвечІого, дица нужехъе Тимофей витІарав, нужер иман щулаго бугищали лъазе. Илбисалъ нужги къосинарун нижер кинабго хІаракат гІадада ккезе бегьилищ?! 6 Гьанже Тимофей тІадвуссун вачІана ва гьес лъикІаб хабар бачІана нужер иманалъулги рокьиялъулги хІакъалъулъ. Гьес бицана, лъикІалдалъун рехсон, ниж ракІалде щвезарулел ругин нужеца ва, нуж рихьизе нижее бокьун бугеб гІадин, ниж рихьизе нужги урхъун ругилан. 7 Гьединлъидал, вацал, киналго балагьалги гІазаб-гІакъубаги хІехьон ругел нижер ракІал гІодоре риччана, нужер иманалъул бициндал. 8 Нижер чІаголъи бараб буго кьуричІого нуж ТІадегІанасда божун чІеялда. 9 Нужер рахъалъ нилъер Аллагьасе рецц гьабизе ккеларищ, гьесда церелъидал нужеца ниж рохизарурал! 10 Къасиги-къадги ракІ-ракІалъ гьарула нижеца гьесда нужеда берчІвазеги ва нужер иманалъулъ камурабги тІад лъезе рес ккезабеян. 11 Нужехъе рачІунеб нух нижее бацІцІад гьабеги нилъер Эмен – Аллагьас ва нилъер ТІадегІанав ГІисаца. 12 Нужеде бугеб нижер рокьиго гІадин, БетІергьанас цІикІкІинабеги ва гІемерлъизабеги цоцаздехунги цогидал киналго гІадамаздехунги нужер рокьи. 13 БетІергьанас нужер рекІее къвакІи кьеги, киналго вализабигун цадахъ ТІадегІанав ГІиса кІиабизеги вачІараб мехалда, нилъер Эмен – Аллагьасда цере рацІцІадаллъун ва муъминаллъун рукІине.

4

1 Ахиралдаги, вацал, нижедасан ругьунлъараб къагІидаялъ, гьанжелъизегІан хьвадаралго гІадин, гьанжеялдаса хадурги нуж Аллагь разилъиледухъ дагьалги лъикІ хьвадейилан ТІадегІанав ГІисал цІаралдалъун гьарулеб буго нижеца нужеда. 2 Нужеда лъала ТІадегІанав ГІисал амруялдалъун нижеца нужеда малъарабщинаб: 3 Аллагьасе бокьун буго нуж рацІцІадго хьвадизе, 4 нужер щивав чияс чІужуялдехун ракІбацІцІалъиги намусги цІунизе, 5 Аллагь лъалареб халкъалъ гІадин, гьаваялда нахърилълъун, хъахІбалъи гьабунгутІизе. 6 Гьеб ишалъулъ диналъул вац гуккизе ва гьесие квешлъи гьабизе бегьуларо. Гьеб киналъухъго Аллагьас тамихІ-жаза гьабула. Гьелъул хІакъалъулъ нижеца нужеда гьенибги бицун букІана ва гьеб тІубачІого бегьуларилан лъазабунги букІана. 7 Аллагьас нилъ тІаса рищана, хъублъиги рехун тун, рацІцІадго хьвадизе. 8 Гьедин хьвадиларилан чІарав чияс инсанасдасан бачІаралде гуро мугъ рехулеб бугеб, нужеде Илагьияб рухІ рещтІинабурав Аллагьасдасан бачІаралдейин. 9 Нужерго диналъул вацал рокьейилан дица нужехъе хъвазе ккеларо, Аллагьас малъун нужеда лъалеб бугелъул нужго цоцазе рокьизе. 10 ТІолабго Македониялда ругел вацал рокьулелъулха нужее. Дица нужеда гьарулеб буго, вацал, дагьалги цІикІкІун цоцазе рокьейилан. 11 Цебеги нижеца нужеда лъазабун букІараб къагІидаялъ, нужерго ишги гьабун, гІодоре риччан ва нужерго квералъ бетІербахъиги гьабун рукІине хІаракат бахъе. 12 Гьебмехалъ цогидал гІадамазда гьоркьобги къадру-къимат борхила нужер ва лъидениги кколареб магІишатги букІина. 13 Хваразул хІакъалъулъги нужеда бичІчІизабичІого гІеларо, хваралъуса рахъиналде хьулго гьечІел цогидал гІадамалго гІадин, нужги пашманлъунгутІизе. 14 ГІиса хвеялда ва хваралъуса вахъиналда нилъ божулел гІадин, нилъ божула иманалда хварал гІадамал Аллагьас гьесда цадахъ жиндихъего рачине рукІиналдаги. 15 Гьаб нижеца нужеда малъулеб буго ТІадегІанасул рагІуда рекъон: ТІадегІанав вачІинегІан чІаго хутІаниги, хвараздаса цере ккеларо нилъ. 16 Аллагьасул буюрухъги рагІараб, кІудияв малаикас гьаракьги гьабураб ва Илагьияб ссурги пураб мехалъ живго ТІадегІанав рещтІина. Ва МасихІиде иман лъун хварал гІадамал тІоцере рахъина тІаде. 17 Цинги нилъ – чІаго хутІаралги гьезда цадахъ Аллагьас накІкІазда аскІоре зобалазде ракІарила ТІадегІанасда дандчІвазе. Гьедин абадиялъго нилъ ТІадегІанасда цадахъ рукІина. 18 Гьеле гьел рагІабаздалъун цоцазул ракІбатизабе нужеца.

5

1 Гьеб лъугьине бугеб заманаялъулги болжалалъулги хІакъалъулъ нужехъе хъвазе ккеларо, вацал. 2 Нужедаго мухІканго лъалелъул ТІадегІанасул къо тохлъукьего – сардилъ цІогьор гІадин бачІунеблъи. 3 Ракълида ругин ва сундулго хІинкъиги гьечІин гІадамаз абулеб мехалъ, чІужугІаданалда тохлъукье хІара чІвалеб гІадин, ракІалдаго гьечІого хвела гьел, ва щивниги хвасарлъиларо. 4 Нужни, вацал, бецІлъуда гьечІелъул, цІогьор гІадин бачІинаро нужехъе гьеб къо. 5 Нуралъ къалъ-къалъизарунги руго нуж киналго, къоялъ гвангъизарунги руго. Нилъее я сордо гьечІо, я бецІлъи гьечІо. 6 Гьединлъидал, цогидал гІадамал гІадин, кьижиларо, рорчІуда рукІина, ригьун рукІина нилъ. 7 Кьижулев чи сардилъин кьижулев, мехтулев чиги сардилъин мехтулев. 8 Амма къоялъ гвангъизарун ругелъул, иманалъулги рокьулги къолденги ретІун, хвасарлъизе рукІиналде хьулалъул такъияги лъун, ригьун рукІине риччанте нилъ! 9 Жиндирго ццин нилъеде рещтІине гурелъул Аллагьас нилъ тІаса рищун ругел, нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІидалъун нилъ хвасар гьаризелъидал. 10 Гьев нилъее гІоло хвана, жив вачІараб мехалъ хун ратаралги чІаго ратаралги, жиндаго релълъун чІаго рукІине. 11 Гьединлъидал цоцазул ракІбатизабе ва цоцазе квербакъе. Нужеца гьедин гьабулебги буго. 12 Нужер агьлуялъе имамлъи гьабун ва ТІадегІанасул рагІул вагІза-насихІат гьабун захІмат баччулеб бугезул адаб тогейилан гьарула, вацал, нужеда. 13 Гьез бахъулеб бугеб хІаракаталъухъ цІикІкІун рокьизе ккола нужее гьел ва гьезул хІурмат-хъатирги гьабизе ккола. Нужедаго гьоркьор лъикІ рукІа! 14 Нижеца нужеда гьарулеб буго, вацал: кІвахІалазда рагІи абе, хІинкъаразул ракІбатизабе, загІипазда квер чІвай, киназдехунго сабруялда рукІа. 15 Вореха, нужер цонигияс квешлъи квешлъиялдалъун бецІизе гурин. Нужеца кидаго хІаракат бахъе цоцазеги цогидал гІадамазеги лъикІлъи гьабизе. 16 Кидаго рази-ракиго рукІа. 17 Кидаго гьари-дугІаялда тІадчІа. 18 Сундулъго Аллагьасе рецц гьабе. Аллагьасе бокьун буго, гьел амруялги тІуразарун, МасихІ ГІисаде цолъараб гІумру нужеца гьабизе. 19 Илагьияб РухІалъул цІа свине биччаге. 20 Аллагьасул илгьамги нахъчІваге. 21 Киналъулго хІалбихье, лъикІабги ккун чІа. 22 Кинабгоги квешлъиялдаса цІуне нужго. 23 Нилъ ракълиде рачарав Аллагьас тІубанго рацІцІад гьареги нуж, нужер тІолабго чІаголъи: рухІги, напсги, черхги – нилъер ТІадегІанав ГІиса вачІиналде бацІцІадго букІине. 24 Нуж тІаса рищарав Аллагьас гьедин гьабизеги гьабила, гьев рагІи холарев вугелъул. 25 Нижги дугІадулъ рехсе, вацал. 26 Киналго вацазда, ракІ-ракІалъго баун, салам гьабе. 27 Аллагьасул амруялдалъун дица нужеда лъазабулеб буго гьаб кагъат киналго вацазе цІалейилан. 28 Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІил баркат лъеги нужеда!