Пётрил 1

1

1 - 2 ГІиса МасихІил чапар Пётрил рахъалдасан Понт, Галатия, Каппадокия, Асия ва Битиния улкабазда чияр халкъазда гьоркьор рикьа-риххун ругезде салам. Хъвараб къадаралда рекъон Эмен – Аллагьас нуж тІаса рищана. Гьесул РухІалъ нуж жиндирго халкълъун лъугьинаруна, жиндирго биялъ нуж рацІцІалъизарурав ГІиса МасихІиде мутІигІлъизе. Нужеда цІикІкІараб баркат лъеги ва сах-саламат хутІаги. 3 - 4 Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІил Эмен – Аллагьасе рецц. Хваралъуса ГІиса МасихІ вахъинавиялдалъун, кІудияб цІоб лъун, гьес нилъее цІияб гІумру кьуна. Гьедин чІаголъизабуна зобалазда цІунараб холареб, хъублъулареб, бечІалареб лъикІаб бутІа щвеялде бугеб нилъер хьул. 5 Нуж божулел ругелъул, Аллагьас жиндирго къудраталдалъун цІунун тун буго гьеб бутІа, дуниял ахирлъидал къватІибе загьирлъун, нуж хвасарлъизаризе. 6 Гьанже дагьабго заманаялъ батІи-батІиял къварилъабаз нужер хІалбихьулеб бугониги, гьелдаса роха нуж. 7 Нужер божи-иман хІакъаб бугищали хІалбихьизе рачІуна гьел къварилъаби. Биун-тІагІун унеб меседалъулгицин цІадуца хІалбихьула. Меседалдасаги къиматаб бугелъул нужер божи-иман, гьелъулги хІалбихьизе ккола, ГІиса МасихІ загьирлъараб къоялъ нужее цІар-реццги къадру-къиматги насиблъизе. 8 ВихьичІониги вокьулев вуго нужее гьев; гьанже вихьулев гьечІониги, гьесда божулелги руго. Бицун хІалкІолареб кІудияб рохел рещтІинабулеб буго гьелъ нужер рекІелъе, 9 гьеб божи-иманалдалъун хвасарлъизе ругелъул нужер рухІал! 10 Гьеб хвасарлъиялъулин аварагзабаз, цІех-рех гьабун, хІакъикъат лъазабулеб букІараб. Аварагзабаз цебеккунго бицунеб букІана нужеде рещтІине бугеб баркаталъул. 11 Гьез хІаракат бахъулеб букІана жиндие кьезе бугеб гІазаб-гІакъубаялъулги гьелдаса хадуб щвезе бугеб бергьенлъиялъулги хІакъалъулъ МасихІил РухІалъ бицунеб букІарабщинаб кида ва кин лъугьине бугебали лъазе. 12 Аллагьас аварагзабазе загьир гьабун букІана, жинца гьел жидеего гІоло гурел, нужее гІоло ритІун ругеллъи. Аварагзабаз доб мехалдаго бицунеб букІиндалха зобалаздасан рещтІараб Илагьияб РухІалъул къуваталдалъун Рохалил хабар лъазабулез гьанже нужеда бицунеб бугебщиналъул хІакъалъулъ. Малаикзабазегицин бокьилаан гьеб лъазе. 13 Гьединлъидал нужерго гІакъиллъиялъул рачел щулаго къай. РорчІуда чІа. ГІиса МасихІ вачІараб къоялъ нужеде рещтІине бугеб баркаталде унго-унголъунги хьул лъе. 14 Аллагьасде мутІигІлъе, жагьиллъиялда ругеб мехалъ нужер рекІелъ рукІарал къасдазда хадурги унге. 15 Нуж тІаса рищарав Аллагь вацІцІадав вугелъул, нужги кидаго рацІцІадго хьваде. 16 ТІехьалда хъван буго: «Дун вацІцІадав вугелъул, нужги рацІцІадго хьваде». 17 Гьурмахъ валагьичІого щивасул ишазе суд гьабулев Аллагьасде нужеца Эменилан ахІулеб бугелъул, гьесукьа хІинкъун тІаме гьаб дуниялалъул рокъоб хутІараб гІумру. 18 Нужерго умумуздасан ирсалъе щвараб чІобогояб гІумруялдаса нуж биун-тІагІун унеб гІарац-месед кьун гурелъулха тархъан гьарурал. 19 ГІайибги мунагьги гьечІеб КьегІер гІадинав МасихІил къиматаб биялдалъун тархъанлъидалха нуж. 20 Дуниял бижилелдего Аллагьас гьединаб къадар хъван букІана гьесие, амма нужее гьев загьирлъана гьаб ахирияб заманалда. 21 Гьесдалъунин нуж божулел ругел, хваралъуса вахъинавун гьев машгьурлъизавурав Аллагьасда. Гьединлъидалин нужер божиги хьулги Аллагьасде бугеб. 22 ХІакъабщиналда нахърилълъун нужеца нужерго ракІал рацІцІад гьаридал, нужее насиблъана диналъул вацаздехун унго-унгояб рокьи. Цоцаздехун ракІ-ракІалъулаб рокьи загІиплъизе биччаге. 23 Нуж цІидасан рижана, лъугІун-тІагІун унеб хьоналдасан гурел, хвел гьечІеб хьоналдасан. Аллагьасул абадияб ва нилъее чІаголъи кьолеб каламалдалъун рижана. 24 ТІехьалда хъван буго: «Харида релълъуна кинабго рижи, харилъе тІогьолалдаса цІикІкІараб машгьурлъиги щоларо гьелъие. Херги бакъван уна, тІегьги бечІала, 25 амма Бичасул калам абадиялъего хутІула». Гьеб калам ккола нужеда лъазабураб Рохалил хабар.

2

1 Гьанже кинабго квешлъиги, хІилла-рекІкІги, ххвелал гьариги, жахІда-хІусудги, мацІги рехун тун, 2 гьабсагІат гьабураб лъимер гІадин, нужги гІедегІе бацІцІадаб рухІанияб рахьдаца къеч буссинабизе, гьеб гьекъон нужго кІудиял гІезе ва хвасарлъизе. 3 БетІергьанасул рахІму-цІоб щибали лъайдалха нужеда! 4 Къадалъ лъезе ярагьунарилан гІадамаз нахъе рехараб, амма Аллагьас тІаса бищараб, къиматаб ва чІагояб ГанчІихъе рачІа нуж. 5 Нужгоги чІагоял ганчІаллъун ругелъул, нужгоги къадалъ лъун балеб буго мукъадасаб рукъ. Гьенир нуж рукІина Аллагьас тІаса рищарал кашишаллъун, ва ГІиса МасихІидалъун Аллагьас къабул гьарулел илагьиял къурбаналги кьела нужеца. 6 ТІехьалда буго: «Гьале дица Сионалда лъолеб буго тІаса бищараб, цололъ рекъолеб ва къиматаб гамачІ. Гьеб ганчІида божарав чиясул ракІбухІиларо». 7 Божи-иман бугел нужее къиматаб буго гьеб. Божуларезени – «Къадалъ лъезецин ярагьунарилан къадахъабаз нахъе рехараб гамачІ битІахъе цололъ лъун буго». 8 Цогиги: «ГІадамазул хІетІе тункулеб гьецІо ва гьел гІодор ккезе гьарулеб гамачІ». Аллагьасул каламалъухъ гІенеккуларелъулин гьезул хІетІе тункулеб, – гьединаб къадарлъидалха гьезие хъван букІараб. 9 Нуж руго тІаса бищараб агьлу – Зобалазул ПарччахІасул кашишзаби, мукъадасал гІадамал, Аллагьасул жиндирго халкъ. Гьес бецІлъиялдаса нуж жиндирго гьайбатаб нуралде ахІана жиндирго чІахІиял ишазул хІакъикъат тІибитІизабизе. 10 Цере нуж цо халкъ букІинчІо, гьанже нуж Аллагьасул халкъ ккола. Цебе нужеда цІоб лъун букІинчІо, гьанже нужеда цІоб лъун буго. 11 Гьаб дуниялалъул рокъор нуж нухлулалги апарагзабиги ругелъул, дица нужеда гьарула, хириял, нужер рухІалда данде багъулеб чорхол гьаваялдаса напс цІуне. 12 Мажусиязда гьоркьор цІакъго лъикІ хьвадизе ккола нуж, нужеца квешлъи гьабунилан гьез нужеда гІайиб чІвараб мехалъгицин, жидее лъикІлъи гурони гьабичІин нужецайилан мукІурлъун, ГІиса МасихІ ракьалде вачІараб къоялъ гьез Аллагьасе рецц гьабизе. 13 ТІадегІанасе гІоло мукІурлъе нуж инсанасдасан бугеб кверщелалъе – бищунго кІудияв вугелъул, къайсарасул амруги тІубазабе. 14 Квешлъи гьабулезе тамихІ гьабизе, лъикІлъи гьабулезе шапакъат кьезе гьес тІад тарал наибзабазеги мукІурлъе. 15 Аллагьасул амру буго лъикІал ишаздалъун нужеца гІабдалзабазул жагьилаб кІал къазабеян. 16 Эркенаб гІумру гьабе нужеца, амма гьеб эркенлъи квешлъиялъе хІалтІизабуге, – Аллагьасул лагъзаллъун рукІа. 17 Киназулго адаб-хІурмат гьабе, диналъул вацал рокьа, Аллагьасукьа хІинкъа ва къайсарасул къадру-къимат гьабе. 18 Гьединго нужги, лагъзал, нужерго бетІергьабазул адаб-хІурмат гьабун, гьезие мутІигІлъе, – гурхІарал-хІалимал гьел ругониги, хъачІал ругониги. 19 ГІайиб гьечІого тамихІалда гъоркье ккедал Аллагьги рекІелъ цІунун гІазаб-гІакъуба хІехьарасдаса Гьев разилъула. 20 Нужерго квешлъи сабаблъун рухулеб мехалъ гІакъуба хІехьонилан цІар щоларо. Амма лъикІлъи сабаблъун гІазаб-гІакъуба хІехьарасдаса Аллагь разилъула. 21 Нужее гІоло МасихІица гІазаб-гІакъубаги хІехьедал, нуж нахърилълъине мисалги бихьизабидал, гьесул нухдасан ине ккола нуж. 22 Гьесда цохІониги мунагь букІинчІо, гьересиги гьесул кІалдиб батичІо. 23 Инжит-къабихІ гьавулел рагІаби жинда абуниги, инжитаб-къабихІаб рагІи данде рехичІо гьес. ГІазаб-гІакъуба хІехьезе кканиги, бихьилин-рагІилин хІинкъиги кьечІо, ритІухъаб суд гьабулев Аллагьасул кверщаликье кьуна живго. 24 Нилъер мунагьал гьес жиндирго чорхолъ хъанчалда тІаде росун ана, мунагьазе нилъ хвараллъун рукІине, амма ритІухълъиялъе – чІагояллъун хутІизе. Гьесда лъурал ругъназдалъун нилъер чурхдул сахлъана. 25 АхІун риччарал чахъаби гІадин рукІарал нуж гьанже Вехьасда аскІоре тІадруссана, нужер рухІал цІунулесухъе рачІана.

3

1 Гьединго нужги – руччаби, россабазе мутІигІлъе. Аллагьасул рагІиялда божуларел россабазени рагІаби хІажалъиларо, нужер хьвада-чІвадиялъ къезарила гьел, 2 бацІцІадаб ва адаб-хІурмат цІунараб гІамал-хасиятги нужелъ бихьун. 3 Гъалал хьухьин, гІин-квералда гІарац-месед бай ва чІухІараб ретІел ретІин – гьедин цебе рехун бихьулебщиналъулъ гуро нужер берцинлъи букІине кколеб. 4 Нужерго рекІелъ бугеб, нужеего хасаб бацІцІадаб адабалъин нуж берцинлъизаризе кколел. Бищунго къиматаблъун ккола Аллагьасда цебе хІеренаб ва недегьаб ракІ. 5 - 6 Гьеле гьедин къачІадулаан цере Аллагьасде иман лъурал рацІцІадал руччаби. Мун дир бетІергьан вугилан Ибрагьим аварагасе Сарат мутІигІай йикІарай гІадин, жидерго россабазе мутІигІал рукІана гьел. Гьанже нужги гьелъул ясаллъун ккола, нужеца лъикІлъиги гьабулеб бугони, балагьалдаса хІинкъулелги гьечІони. 7 Гьединго нужецаги, росал, руччаби нужедаса загІипал рукІинги лъан, гІакъилго-цІодорго гьабе гьезие рослъи. Гьезул хІурмат гьабе, нужее гІадин, гьезиеги насиблъулелъул абадияб гІумру. Нужер гьари-дугІаялъе сунцаниги квалквал гьабизе бегьуларо. 8 Къокъго абуни, нуж киналго цоцалъ рекъон рукІа, цоцазул къварилъи-гІатІилъи бацІцІе, нужерго диналъул вацал рокьа, цоцалъ хІалимго-хІеренго рукІа. 9 Квешлъи гьабурасе квешлъиги гьабуге, рогьо барасда рогьоги баге, гьелъул гІаксалда, нужеца абе гьесда баркат лъегийилан. ХІакълъунго гьедин гьабизе ахІулел руго нуж Аллагьас, гьелъухъ нужеда баркат лъезе. 10 ТІехьалда буго: «ГІумру рохалида ине ва лъикІал къоял тІаде рачІине бокьарас чияр бициналдаса мацІги цІуне, гьереси бициналдаса кІалги цІуне». 11 Квешлъи рикІкІад гьабе, лъикІлъи гьабичІого тоге. Дуца рекъел балагье, гьелда хадув лъугьа мун. 12 Муъминзабазул букІунаро БетІергьанас цІунулареб нух, гьезул гьари-дугІаялъухъ гІенеккула Гьев, квешлъи гьабуразда дандеги чІола. 13 БитІараб гьабизе нужеца хІаракат бахъулеб бугони, лъида кІолеб нужее зарал-зиян гьабизе? 14 Нуж ритІун хьвадулел рукІин сабаблъун гІазаб-гІакъуба хІехьезе кканиги, Аллагьасул баркат рещтІуна нужеде. Лъикьаниги хІинкъуге, сундулниги ургъел гьабуге. 15 МасихІ ТІадегІанавлъун ккве нужерго рекІелъ. Сунде нужер хьул бугебилан гьикъулевщинасе нужерго сабруялдалъунги адабалдалъунги жаваб кьезе хІадурго рукІа нуж кидаго. 16 МасихІиде цолъарал нужелъ бугеб лъикІаб гІамал-хасияталда бугьтан лъун данде кІалъалел чагІи инжитлъизе, нужеца намус бацІцІад цІуне. 17 ЛъикІлъи гьабуралъухъ гІазаб-гІакъуба хІехьейго лъикІ (гьелъие Аллагьасул къадар батани), – квешлъи гьабуралъухъ гьеб хІехьеялдаса. 18 Нилъ Аллагьасде гІагарлъизе киназего гІоло цо нухалъ хведалха МасихІ ГІиса, – мунагьал ругезе гІоло хведалха мунагьго гьечІев. Гьесул черх чІвана, амма РухІалъ гьев цІидасан чІаголъизавуна. 19 Гьеб РухІ ана жужахІалъур ругел рухІазда цІияб хабар бицине. 20 Гьел рукІана, НухІ аварагас гама гьабулеб заманалда, Аллагь жиндирго кІудияб сабруялда валагьун чІун вукІаниги, Гьесухъ гІенеккичІезул рухІал. НухІида цадахъ дагьал чагІи гурони хвасарлъичІо, микьго чи ворчІана тІупаналъул лъададаса. 21 ТІупаналъул лъим ккола гьанже нуж хвасарлъулеб лъадалъ ччун рахъиялъул гІаламатлъун. Черхалдаса хъублъи чуризе гуро нуж лъадалъ ччун рахъулел, – ГІиса МасихІ хваралъуса вахъинавиялдалъун нужер намус бацІцІалъизабейилан Аллагьасда гьаризейин. 22 Гьев зодове ана ва Аллагьасул кваранаб рахъалда гІодов чІун вуго. Гьесие мутІигІал руго малаикзаби, гьезул бутІрул ва хІакимзаби.

4

1 Жиндир черхалъ гІазаб-гІакъуба хІехьезе ккараб мехалда МасихІил рукІарал гІадинал пикрабаз нужерго ракІал къвакІизаре, – черхалъ гІазаб-гІакъуба баччизе ккарас мунагьазде мугъ рехулелъулха, 2 хутІараб гІумру, чорхол гьаваялъе бокьухъе гуреб, Аллагьасул амруялги тІуразарун, тІамизелъун. 3 Мажусиязе бокьулеб куцалда, пасалъиялдаги чорхол гьаваялдаги хадур ун, гьекъолдулаго, гьакълил рокъоса къватІире рахъинчІого кеп-гІоркьалда ва гьересиаллагьзабазе инжитаб-къабихІаб гІибадат гьабулаго тІамураб гІеларищ нужеца цебехун букІараб гІумру? 4 Жидерго гьел гІасиял ишазулъ нуж гІахьаллъунгутІиялда гІажаиблъи гьабун гьез нуж какулел руго. 5 Амма чІагоязеги хваразеги суд гьабизе къачІан вугесда цебе жаваб кьезе ккелебха гьез. 6 Кинабгоги рижиялъе гІадин, жидееги суд гьабун букІарал хвараздаги Рохалил хабар лъазабуна, хварал чагІигицин, Аллагь гІадин, хвел гьечІеллъун лъугьине. 7 Гьаб дуниял ахирлъулеб буго. Аллагьасе гьари-дугІа гьабизе бажарулеб хІалалда цІодорго чІа, ригьун рукІа. 8 РакІ-ракІалъго цоцазе рокьа. Гьеб буго аслияб жо – рокьиялъ гІемерал мунагьал рахчула. 9 Нодо букІкІинчІого гьабе цоцазе гьоболлъи. 10 Аллагьас нужер щивав чиясе кьураб баркатаб гьунар цоцазе пайдаялъе хІалтІизабе, батІи-батІиял хъулухъазде тІамурал лъикІал чагІаз гІадин. 11 КІалалда гьунар бугес вагІза-насихІат гьабе, хъулухъалъе гьунар бугес, Аллагьас жиндие кьураб къуват-жаналда рекъон, хъулухъ гьабе, – нужеца гьабулебщиналъухъ гІадамаз, абадул абадиялъ жиндир реццги къудратги тІаса ине гьечІев ГІиса МасихІил цІарги рехсон, Аллагьасе рецц гьабизе. Амин! 12 ЗахІматаб-къваридаб къо тІаде бачІунилан гІажаиблъи гьабуге, дир хириял, нужеца, хІикматаб иш лъугьанилан ракІалдеги ккоге. 13 МасихІие букІараб гІадаб гІазаб-гІакъуба нужееги насиблъиялдаса рохун рукІа нуж, гьесул къудрат загьирлъараб къоялъ рохуца холел рукІине. 14 Гьардарал гурищ нуж, МасихІиде иман лъей сабаблъун инжит-хІакъир гьарулел ругел, Аллагьасдасан рещтІараб къудраталъул рухІ нужелъе лъугьун бугелъулха! 15 Бидуласе, цІогьорасе, яги цогидав такъсирчиясе, ялъуни мацІихъанасе букІунеб тамихІалъул гІазаб-гІакъуба хІехьезе ккогеги нужер цонигияс. 16 Амма гьеб кинабго христианав вукІин сабаблъун кколеб бугони, намуслъизе ккеларо. МасихІил агьлуялъул вугилан Аллагьасе рецц гьабе. 17 Иман лъуразул агьлуялдасан байбихьун, киназего Аллагьас суд гьабулеб заман тІаде щун буго. Гьес нилъедасан байбихьи гьабулеб бугони, Аллагьасул Рохалил хабаралда божичІезул ахир кинабдай букІина? 18 ТІехьалда буго: «Муъминчиясегицин хвасарлъизе захІмалъулеб мехалда, иман гьечІев мунагьчиясул щибдай ккела?» – ян. 19 Гьединлъидал Аллагьасул къадаралдалъун гІазаб-гІакъубаялда ругез лъикІлъи гьабичІого тоге, нилъ Рижарасул ва РагІи холаресул амруялда разилъун чІа.

5

1 Нужго гІадин, иман лъуразул агьлуялъул бетІерлъун вугев, МасихІица хІехьараб гІазаб-гІакъубаги бихьарав ва загьирлъизе бугеб къудраталъул ирсги насиблъулев дица нужер агьлуялъул бутІрузда гьарулеб буго: 2 Аллагьас нужехъе кьураб рехъае вехьлъи гьабе, Аллагь разилъиледухъ гьелъул тІалабги гьабе, нужеда тІадаб бугилан гуреб, – рекІелъ рокьигун, 3 ужра-мухьалде хьул лъун гуреб, – Аллагьасе хъулухъ гьабизе бугеб гъира-шавкъгун. Нужеда божун таразе ханлъи гьабуге, рехъадулъ ругезе мисал бихьизабе. 4 КІудияв Вехь тІаде вачІараб мехалъ, гьес нужер ботІрода лъела киданиги холареб таж. 5 Гьанже, гІолохъаби, нужги чІахІиязе мутІигІлъе. Цоцаздехун хІеренлъи-хІалимлъиялъул рачел къай. ТІехьалда буго: «Аллагь чІухІаразда дандечІола, хІалимазда гьесул баркат лъола», – ян. 6 Аллагьасул къуватаб кверщаликь хІеренго-хІалимго рукІа, болжал цІараб къоялъ гьес нуж тІадегІанлъизарулин. 7 Сункьаниги хІинкъичІого, кинабго гьесде тІамун те. Гьес нужер тІалаб гьабулелъулха. 8 ЦІодорго чІа, рорчІи ккве, нужер тушман илбис нужеда сверун лъугьун бугебин, тІу-тІун бан кваназе чан балагьулаго гІергІедулеб гъалбацІ гІадин. 9 ТІолабго дуниялалда ругел нужер вацалги гьединабго гІазаб-гІакъубаялда рукІинги лъан, божи-иманги щулалъизабун, нуж илбисалда дандечІа. 10 Дагьаб заманаялъ гІазаб-гІакъуба хІехьон хадубин абуни, МасихІиде цолъун ругел нуж, жиндирго къудраталдалъун абадияб гІумруялде ахІарав, цІоб гІатІидав Аллагьас цІидасан тІадегІанлъизарила, нужер божи-иман цІикІкІинабила, нужелъ къвакІи-яхІ бижизабила ва кьучІ щулалъизабила. 11 Гьесул къудрат абадияб-даимаб буго! Амин! 12 Божизе бегьулев вац вугилан дица рикІкІунев Сильваница кумекги гьабун, гьаб къокъаб кагъат хъвана нужехъе, нуж къвакІун чІезе ва хІакълъунго гьеб кинабго Аллагьасул баркат букІиналда нуж божизе. Аллагьасдасан бачІараб баркаталъул нух щулаго ккве. 13 Нужго гІадин, Аллагьас тІаса рищарал иман лъуразул Вавилоналда бугеб агьлуялъулги ва дица васлъун тарав Маркилги салам буго нужеде. 14 Цоцазда баун салам гьабе. МасихІиде цолъун ругел нуж киналго сах-саламат хутІаги!