Коринфиязухъе 1

1

1 ГІиса МасихІил тІаса вищарав чапарлъун вукІине Аллагьасе жив бокьарав Павелил ва диналъул вац Сосфенил рахъалдасан 2 Коринфалда ругел иман лъуразул агьлуялде – ГІиса МасихІидалъун рацІцІалъаразде, жиндирго халкълъун лъугьине Аллагьас тІаса рищаразде, цинги киса-кибего нилъерги гьезулги ТІадегІанав ГІиса МасихІие тІагІат-гІибадат гьабулелщиназдеги. 3 Нилъер Эмен – Аллагьасулги ТІадегІанав ГІиса МасихІилги цІоб ва салам лъеги нужеда. 4 МасихІ ГІисадалъун гьес нужеде баркат рещтІинабуралъухъ дица кидаго Аллагьасе рецц гьабула. 5 Гьесдалъун Аллагьас нужер кинабго каламги бечелъизабуна, кинабго гІакъиллъиги цІикІкІинабуна, 6 МасихІил хІакъалъулъ нижер нугІлъиги ритІухъ гьабуна. 7 ГІиса МасихІ вачІинегІан ралагьун чІун ругел нужелъ камураб гьунар хутІун гьечІо гьанже. 8 Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІ рещтІараб къоялъ нуж рацІцІадго хутІизе гьесин ахиралде щвезегІан нужер ракІкъвакІизабилеб. 9 Жиндирго Васгун – нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІгун – цолъизе нуж тІаса рищарав Аллагь ритІухъав вуго. 10 Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІил цІар бахъун гьарула, вацал, дица нужеда, нуж киналго цоцалъ рекъа-решон рукІайилан. Рикьи ккезе биччаге – нужер пикруги гІакълуги цойиде буссинабе! 11 Хлоял рукъалъул агьлуялдасан дида рагІун бугелъулха, вацал, нужеда гьоркьоб рикьи ккун бугилан. 12 «Дун Павелил рахъ ккуравилан», «дун Аполлосил рахъ ккуравилан», «дун Кефал рахъ ккуравилан», «дун МасихІил рахъ ккуравилан» – щивас батІа-батІаго абулеб рагІула нужеца. 13 МасихІ викь-викьунищха вугев?! Павелищха нужее гІоло хъанчида ван хвезавурав? Павелиде иман лъезейищха нуж лъадалъ ччун рахъарал? 14 Аллагьасе рецц буго, Криспги Гайги хутІизегІан, нужер цогидал дица лъадалъ ччун рахъичІелъул. 15 Диде иман лъезелъун дица лъадалъ ччун рахъанилан лъицаниги абиларо. 16 (Стефанасги гьесул рукъалъул агьлуги лъадалъ ччун рахъана дица, цоги щал лъадалъ ччун рахъаралали ракІалда гьечІо.) 17 ГІадамал лъадалъ ччун рахъизе витІичІо дун МасихІица. Рохалил хабар бицине витІана. ГІакъилал ва пасихІал рагІабаздалъун бицунеб гьечІо дица гьеб Рохалил хабар, – МасихІ хъанчида ван хвей гІадада ккелаан гьебмехалъ. 18 Хвалде унезни чІобогояб чІандалъун рикІкІуна хъанчида ван хварасул хІакъалъулъ хабар. Нилъее – хвасарлъулезе – гьеб буго Аллагьасул къудрат. 19 ТІухьдузда хъван бугелъул: «ГІакъилазул гІакъиллъиги къинабилеб Дица, ЦІодоразул цІодорлъиги яризабилеб Дица». 20 Кив вугев дов гІакъил? Кив вугев дов гІалим? Кив вугев гьаб гІасруялъул дагІбачи-къацандухъан? Гьаб дуниялалъул гІакъиллъи гІантаб жо букІин загьир гьабичІищ Аллагьас? 21 Аллагьас жиндирго гІакъиллъиялдалъун гІаламалъе хІукму къотІана, дуниялалъул гІакъиллъиялдалъун гІаламалда Жив лъазе виччаларилан. Гьесие бокьана иман лъурал гІадамал Рохалил хабаралъул «гІантлъиялдалъун» хвасар гьаризе. 22 ЖугьутІаз мугІжизат-гІаламат тІалаб гьабулеб буго, греказги гІакъиллъи-гІалимлъи балагьулеб буго. 23 Нилъецайин абуни гІаламалда лъазабулеб буго хъанчида ван хвезавурав МасихІил хІакъалъулъ хабар. ЖугьутІазе гьеб буго гІасилъи, греказеги гьеб чІанда буго! 24 Аллагьас тІаса рищаразе – жугьутІазеги греказеги – гьеб буго МасихІидалъун загьирлъараб Аллагьасул къудратги Аллагьасул гІакъиллъиги! 25 Аллагьасдасан бугеб «гІантлъиги» гІадамазулалдаса гІакъилабин, Аллагьасдасан бугеб «загІиплъиги» гІадамазулалдаса къуватабин! 26 Аллагьас нуж жиндихъего ахІараб мехалъ нужго рукІараб куц ракІалде щвезабе. ГІакъилалин рикІкІунел гІадамал гІемерищ нужеда гъорлъ рукІарал? ГІемерищ рукІарал къадру-къимат бугелги къо-асс бугелги? 27 ГІакъилал инжитго къезаризейин Аллагьас гІаламалда гІантабилан кколеб жо тІаса бищараб. Къуватал инжитго къезаризейин гьес гІаламалда загІипабилан кколеб жо тІаса бищараб. 28 Къадру гьечІебги ярагьунаребги, ай гьезего гьечІилан рикІкІунебаб тІаса бищана Аллагьас, гьаб гІаламалъ гІадахъ босун бугеб жо гьезего гьечІеблъун лъугьинабизе. 29 Гьединлъидал Аллагьасда цеве веццаруге щивниги. 30 Аллагьасин нуж нилъее гІакъиллъилъун лъугьарав МасихІ ГІисагун цолъизарурал. МасихІица нилъ ритІухълъизаруна, рацІцІалъизаруна, тархъанлъизаруна. 31 Гьединлъидал, ТІухьдузда хъван бугеб куцалъ: «Веццаризе бокьарас БетІергьан вецце!»

2

1 Доб мехалда дун нужехъе вачІиндал, Аллагьасул хІакъалъулъ Хабар лъазабулаго, дилъ букІинчІо кІалзул пасихІлъиги кІудияб гІакъиллъиги. 2 Нужеда гьоркьов вугеб заманалда дица хІукму гьабун букІиндалха, ГІиса МасихІ (хасго гьев хъанчида ван хвей) хутІун, цогидабщинаб рехун телилан. 3 Дун нужеда аскІов вукІана загІипгоги ва хІинкъун сородулевги. 4 Дир гаргаралъги хабаралъги нужее гьабураб асар – гьеб букІинчІо гІакъилал рагІабазул хІасиллъун. Илагьияб РухІалъул хІалкІолъиялдалъунги мугІжизатаздалъунги лъугьана гьеб гьедин, – 5 нужелъ гьеб божи-иман, инсанасул гІакъиллъиялдалъун гуреб, Аллагьасул къудраталдалъун лъугьине. 6 Саламатал гІадамазени гІакъилаблъун букІуна нижеца бицараб хабар. Амма гьеб хабар гьаб дуниялалъулаб гІакъиллъи гуро, гьаб дуниялалъул кверщелчагІазул (кверщел жидехъа унезул) гІакъиллъиги гуро. 7 Нижеца бицунеб буго Аллагьасулаб балъгояб гІакъиллъиялъул. Аллагьас бахчун тараб гьеб гІакъиллъи нилъер цІар-реццалъейин дуниял бижилелдего къачІан букІараб. 8 Гьаб дуниялалъул цониги кверщелчиясда бичІчІичІо гьеб. БичІчІун букІарабани, цІар-реццалъул бетІергьан хъанчида валароан гьез. 9 ТІухьдуздаги хъван бугелъулха: «Лъилниги бералда бихьичІебги, лъилниги гІиналда рагІичІебги, лъилниги гІакълу нахъгІунтІичІебги къачІан буго Аллагьас жив вокьулезе». 10 Нилъеени Аллагьас жиндирго РухІалдалъун загьир гьабуна гьеб. РухІ сундулъего лъугьуна – Аллагьас цІакъго бахчун таралда гъорлъегицин лъугьуна. 11 Гьесулъ жиндилъго бугеб рухІалда гурони, цоги чиясда лъалебищ инсанасул рекІелъ ругел пикраби? Гьедин Аллагьасул пикрабиги, гьесул РухІалда гурони, лъалищха. 12 Нилъее щвараб РухІ дуниялалъулаб гуро, Аллагьас нилъее кьурал нигІматал нилъеда ричІчІизе гьесдасан бачІараб буго. 13 Нилъеца гьелъул хІакъалъулъ инсанасулаб гІакъиллъиялъ малъарал рагІабаздалъун гуро бицунеб, РухІалъ малъарал рагІабаздалъун бицуна. Илагьияб РухІалъ цІуразда бичІчІизабула нилъеца РухІалда хурхарабщинаб. 14 Жиндилъе РухІ рещтІинчІев инсанас къабул гьабуларо Илагьияб РухІалдасан бугебаб. Гьесие гьеб гІантаб жолъун кколелъулха. Гьесда гьеб бичІчІизего бичІчІуларо, РухІалдалъун гурони бичІчІизе рес гьечІелъул. 15 Илагьияб РухІалъ цІурав чиясда кІола бокьараб жоялъул хІакъикъат лъазе, амма лъиданиги кІоларо Илагьияб РухІалъ цІурав чиясул хІакъикъат лъазе. 16 ТІухьдузда хъван бугелъулха: «БетІергьанасул пикрабазда нахъгІунтІулев чи вугищ? Гьесие гІакълу кьезе лъида кІолеб?» Нилъелъин абуни МасихІил гІакъиллъи буго.

3

1 Амма нужедехунни, вацал, дун Илагьияб РухІалъ цІурал гІадамаздехун гІадин кІалъачІо, кІалъана напсалъ малъараб гьабулездехун гІадин ва МасихІиде цолъараб гІумру лъималазда кинигин гурони бичІчІуларездехун гІадин. 2 Кваназе квен гуро дица нужее кьураб, гьекъезе рахь кьуна. Кваназе гІун рукІинчІо нуж добмехалъ, – гьанжегицин гІун гьечІо нуж! 3 ГьанжелъагІанги напсалъ малъараб гьабулеб бугелъулха нужеца. Нужеда гьоркьоб жахІда-хІусудги дагІба-рагІиги бугеб мехалъ, напсалъе мутІигІлъи гурищ гьеб кколеб, гьаб дуниялалъул гІадамал гІадин хьвадулел рукІинги гурищ кколеб? 4 Цояс «дун Павелил рахъ ккурав вугилан», цогидасги «дун Аполлосил рахъ ккурав вугилан» абулеб бугони, гьаб дуниялалъул гІадамаллъун ккеларищ нуж? 5 Гьаха, щив кколев Аполлос? Павелги щив кколев? Гьел руго нуж иманалде рачарал ва хъулухъалъе тІамурал гІадатиял чагІи. БетІергьанас тІадкъараб хІалтІи гьабулеб буго гьезул щивас. 6 Дица мугь чІана, Аполлосица лъалъана, амма бижизе Аллагьас гьабуна. 7 Мугь чІолевги – рикІкІунаро, лъалъалевги – рикІкІунаро. Бижизабулев – Аллагь вуго! 8 Мугь чІолесдаги лъалъалесдаги гьоркьоб батІалъи гьечІо. Жидеца гьабуралда рекъараб мухь щвела гьезул щивасе. 9 Ниж кІиялго руго Аллагьасул хІалтІухъаби, нуж руго Аллагьасул хур, Аллагьасул мина. 10 Аллагьас дие кьураб баркатаб гьунаралда рекъон, махщел бугев устарас гІадин, дица кьучІ лъуна. Цогидаз гьелда тІад мина балеб буго. Щивас хал гьабизе биччанте кин жинца балеб бугебали. 11 Цебего лъун бугелдаса батІияб кьучІ лъезе лъиданиги кІоларо. ЦохІо бугеб гьеб кьучІги ГІиса МасихІ ккола. 12 Амма гьеб кьучІалда тІад мина меседил, гІарцул, жавгьар-якъуталъул, яги цІулал, бакъвараб харил, муцІидул баниги, 13 щивас гьабураб хІалтІи къиямасеб къоялъ бихьила. Гьеб къоялъ цІаялъ хІалбихьулелъулха щивас кинаб хІалтІи гьабун бугебали. 14 Гьеб кьучІалда тІад бараб минаялда доб цІа хІехьезе кІвани, устарасе кири щвела. 15 ЦІаялъ гьеб бухІани, зарал ккела. Хвасарлъизени гьев хвасарлъила, амма цІадулъа вахъарав чи гІадин вукІина. 16 Нужеда лъаларебищ нуж Аллагьасул мукъадасаб рукъ ругеблъиги нужелъ Аллагьасул РухІ бугеблъиги? 17 Аллагьасул мукъадасаб рукъ щущазабурав чи Аллагьасги тІагІинавила. Нуж ккола Аллагьасул гьеб мукъадасаб рукълъун. 18 Лъицаниги живго гуккуге абе! Нужеда гьоркьоса лъиданиги ракІалде кколеб батани гьаб дуниялалда жив гІакъилав вугилан, хІакълъунго гІакъилав вукІине бокьани, гьев гІантлъеян абе. 19 Гьаб дуниялалъул гІакъиллъи Аллагьасда цебе гІантлъилъун кколелъулха. ТІухьдузда хъван буго: «Аллагьас гІакъилзаби жидерго сихІирлъиялъул гьиналъ ккола». 20 Цоги бакІалда хъван буго: «БетІергьанасда лъала гІакъилазул пикрабаз пайда гьабулареблъи». 21 Гьединлъидал, гІадамазул рахъги ккун, живго веццизе лъугьунге щивниги. Кинабго нужерлъидалха: 22 Павелги, Аполлосги, Кефаги, дуниялги, гІумруги, хвелги, гьанжесебги, букІинесебги – кинабго нужер буго. 23 Нуж МасихІил руго, МасихІги Аллагьасул вуго!

4

1 МасихІие хъулухъалъе чІарал чагІилъун рикІкІине ккола нужеца ниж. Нижее амру гьабун бугелъулха Аллагьасул балъголъи гІадамазе загьирлъизабеян. 2 Хъулухъалъе чІарав чи цохІо жиндирго бетІергьанасе ритІухъав вукІине ккола. 3 Дирго хІакъалъулъ абуни, дие махІги ургъел гьечІо нужеца яги гІадамазул кинаб букІаниги судалъ дие хІукму къотІиялъул. Дицагоги къотІуларо диего хІукму. 4 Дида гІайиб гьечІеблъи лъала дида. Амма гьелдалъун гуро дун ритІухълъулев. ТІадегІанасин дие хІукму къотІизе бугеб. 5 ТІадегІанав вачІинегІан лъицаниги лъиениги хІукму къотІуге. Гьес канлъуде босила бецІлъукь бугебщинаб, рекІелъ ругел къасдалгицин тІатинарила. Гьеле гьебмехалда Аллагьасдасан щивав чиясе щвела жиндирго кири. 6 Нужее лъикІлъиялъе дица гьеб кинабго бихьизабуна, вацал, нужеда, Аполлосилги диргоги мисалги бачун, «хъвараб гурони лъугьунарилан» абурал рагІабазул магІна нужедаги бичІчІизе ва, лъикІалги тІокІалги ругилан, цоцазда цере чІухІдарунгутІизе. 7 ХІакъикъаталдаги сундалъун нуж цогидаздаса тІокІал ругел? Аллагьасдасан щвараб гуреб жо щиб нужелъ бугеб? Нужее гьеб нигІматлъун кьунги бугеб мехалъ, цебего нужехъ гьеб букІараб гІадин, гІамал кІодолъун щай нуж лъугьунел? 8 Гьайгьай, гьанже нуж гІорцІун руго! Гьанже нуж бечелъун руго! Ниж гьечІониги, гьанже парччахІзабилъун лъугьун руго нуж. Дие бокьилаан унго-унголъунги нуж парччахІзабилъун лъугьунелани, нужеда цадахъ нижецаги парччахІлъи гьабизе. 9 Амма дида ракІалде ккола Аллагьас ниж – чапарзаби, халкъалда цере чІвазе къотІарал чагІи гІадин, бищун ахиралда чІезарун ругилан. ТІолабго махлукъаталъе – малаикзабазеги гІадамазеги ниж лъугьана байрамалда халкъалъе кепалъе рагъулезда релълъарал чагІилъун. 10 МасихІие гІоло ниж гІабдалзабилъун рикІкІунел руго, МасихІиде цолъарал нуж гІакъилзаби руго. Ниж загІипал руго, нуж къуватал руго. Нужер хІурмат гьабула, ниж хІакъир гьарула. 11 Жакъа къоялде щвезегІанги ракъунги къечонги руго ниж. Нижер ретІелги хохораб буго, ниж рухулел-кьабулелги руго, мина-руссенги нижер гьечІо. 12 ЗахІмат бихьун гурони хинкІ-чедги щолеб гьечІо нижее. Ниж хІакъир гьарула – нижеца баркат лъегиян абула, нижее гІазаб кьола – нижеца хІехьола. 13 Нижедасан мацІ гьабула – нижеца лъикІаб бицуна. Ниж гьаб дуниялалъе хІур-кІучлъун хутІун руго, гьаб гІаламалъеги чІахІ-къуллъун хутІун руго. 14 Нуж инжит гьаризе гуро, вацал, дица гьаб кинабго хъвалеб бугеб. Дирго хириял лъималазе гІадин, гІакълу кьолеб буго дица нужее. 15 МасихІил дарсал малъулев азарго мугІалим нужер вугониги, эмен нужер цо гурони гьечІелъул. Дун нужее эменлъун лъугьана, Рохалил хабаралдалъун дица нуж МасихІиде цолъизаруна. 16 Гьединлъидалин дида релълъун хьвадейилан гьарулеб бугеб дица нужеда. 17 МасихІил нухдасан дун хьвадулев вугеб куц нужеда ракІалде щвезабизе гьале нужехъе витІулев вуго ТІадегІанасе ритІухъав ва дие хирияв васлъун лъугьарав Тимофей. Гьеб нухдасан хьвадейилан дица малъула киса-кибго киналго иман лъуразул агьлуялда. 18 Нужеда гьоркьор руго нич гьечІел гІадамалги. Гьезда ракІалде кколеб батила дун тІокІав гьениве вачІинарилан. 19 Амма, ТІадегІанасе бокьани, кватІичІого нужехъе вачІина дун. Гьел нич гьечІезул хабар-гаргар букІин гуреб, къуват-гучги бугищали лъала дида гьебмехалда. 20 Аллагьасул ПарччахІлъи хабар-гаргаралъулъ гуро бугеб, къуват-гучалъулъин. 21 Щиб нужее бокьилеб? Дун цІалги босун вачІинейищ, яги нужеде бугеб рокьиялъул цІураб хІеренаб рагІигун вачІинейищ?

5

1 Цинги, дида бицана нужер гьениб мажусиязулгицин гьечІебгІадаб инжитаб иш лъугьун бугилан – цо чи жиндирго бесдал эбелалда аскІов вегулев вугилан. 2 Гьелдаса пашманлъизе кколеб бакІалда нужер чІухІиго щиб! Гьединаб инжитлъи жиндасан лъугьарав чи нужерго агьлуялда гьоркьоса вачахъизе кколаан нужеца. 3 - 4 Дирго рахъалъ абуни, черх гьаниб бугониги, рухІ гьениб нужеда аскІоб бугелъул, гьенив вугев гІадин вукІуна дун. Нужер данделъиялда нилъер ТІадегІанав ГІисал къудратгун цадахъ дирго рухІги гІахьаллъизабун, нилъер ТІадегІанав ГІисал цІаралдалъун дица хІукму къотІана 5 гьеб иш гьабурав чи илбисалъул кверщаликье кьезе – биччанте гьесул мунагьаб напс хвезе. ТІадегІанав вачІараб къоялъ гьесул рухІ хвасарлъизеги бегьула. 6 Нужер гьеб гІамал кІодолъи лъикІаб хасият гуро. Нужеда рагІанищ гьадинаб кици: «ГьитІинаб реччеялъги гІемераб ханжу беччизабула»? 7 Мунагьалъул басрияб речче тІубанго нахъе рехе. Гьебмехалъ речче гъорлъ гьечІого бежараб чедлъун лъугьина нуж. Гьединаб чедин нуж кколел! Нилъер пасхаялъул кьегІер – МасихІ – цевего къурбанлъун лъугьиндалха! 8 РачІа гьанже нилъеца пасхаялъул байрамалде хІадурлъи гьабилин басрияб речче (ай мунагьги квешлъиги) цадахъ гьечІого. РеччичІел чадал (ай бацІцІадабщинабги хІакъабщинабги) цадахъ, росун хІадурлъизин гьелде. 9 Дица нужехъе битІараб кагътида хъван букІана пасатал чагІазулгун гьоркьоблъи гьабугейилан. 10 Пасатал, хъантІарал, макруял гІадамазул ва гьересиаллагьзабазе лагълъи гьабулел мажусиязул гуребха дица бицунеб букІараб. Гьездаса ратІалъизени, дуниял тун ине ккелаан ниж. 11 Дица хъван букІана, жидеца иман лъун бугиланги абун, пасалъиги гьабулел, хъантІун магІишатги гьабулел, гьересиаллагьзабазе лагълъиги гьабулел, мацІги гьабулел, хІилла-рекІкІги гьабулел, гьекъолдизеги гьекъолдулел гІадамазулгун хурхен гьабугейилан, хІатта гьезда цадахъ гІодор чІун кванагейилан. 12 - 13 Нилъер гуреб агьлуялъе суд гьабунги щайха дие? Аллагьас гьабила гьезие суд. Нужерго агьлуялъул чиясе суд гьабизе кколаребищ нужеца? ТІухьдузда хъван бугелъул: «Квешав чи нужер агьлуялда гьоркьоса нахъе вачахъе», – ян.

6

1 Жиндирго диналъул вацасдехун нужеда гьоркьоса пуланав чиясул дагІба-рагІи бугони, Аллагьасул халкъги рехун тун, иман гьечІезухъе суд гьабизе ине бегьилищ гьев? 2 Нужеда лъаларебищ гьаб гІаламалъе суд Аллагьасул халкъалъ къотІизе букІин? ГІаламалъего суд гьабизе бугел нужеда кІоларебищ гІиси-бикъинаб дагІба-рагІи къинабизе? 3 Нужеда лъай: малаикзабазегицин суд гьабизейин нилъеца бугеб. Гьаб дуниялалъул ишал тІуразе кигІанха нужее бигьалъизе кколеб! 4 Гьединаб дагІба-рагІи нужеда гьоркьоб ккараб мехалъ, щай нужеца гьеб нужерго агьлуялда гьоркьоб къимат гьечІел гІадамазде гІарз бахъулеб? 5 Нечоларищ нуж? Диналъул вацал рекъезаризе кІолев цониги гІакъилав чи нужеда гьоркьов ватичІого вукІине рес гьечІо. 6 Бихьулищ – вацас вац судалде вачунев вуго, гьебги – иман лъечІез хІукму къотІизе. 7 Нужеда гьоркьоса гІадамал судалде ине ккеялъгицин нугІлъи гьабула нуж къеялъе. Нужее гьабураб зарал-зиянги баччун рукІинго лъикІ гурищ? Нужехъа боцІи-рикъзи бахъиги хІехьон рукІинго лъикІ гурищ? 8 Нужецайин абуни цоцазе зарал-зиян гьабулеб буго, цоцахъа боцІи-рикъзи бахъулеб буго. Лъие гьеб гьабулеб бугеб? Нужерго вацазе! 9 Нужеда лъаларебищ пасатал гІадамазе Аллагьасул ПарччахІлъи насиблъулареблъи? Нужго нужецаго гуккуге! Пасалъи гьабулезе, гьересиаллагьзабазе лагълъи гьабулезе, зина гьабулезе, бихьиназдасан лазат босулел бихьиназе, 10 хъантІаразе, цІогьабазе, гьекъолдухъабазе, мацІихъабазе, хъамалчагІазе – гьезул цонигиязе Аллагьасул ПарччахІлъи насиблъуларо. 11 Нужеда гьоркьорги рукІана гьединал гІадамал. Амма нуж гьанже чурун руго, рацІцІалъизарун руго, ТІадегІанав ГІиса МасихІил цІаралдалъун ва нилъер Аллагьасул РухІалдалъун ритІухълъизарун руго! 12 «Бокьарабщинаб гьабизе бегьула!» – ян абула цо-цояз. Бокьарабщинаб гьабиялъул гуребха пайда букІунеб. «Бокьарабщинаб гьабизе бегьула!» Амма дун сундулниги лагълъун лъугьине бегьуларо. 13 Цогидаз абула: «Квен – чохьое, чехь – квание!» – ян. Аллагьас гьеб кІиябгоги пасалъизабула. Гьаваялда нахъбилълъине гуро черх бижун бугеб, ТІадегІанасе тІагІаталъейин. ТІадегІанас тІалаб гьабила гьелъул. 14 ТІадегІанав ГІиса хваралъуса вахъинавуна Аллагьас, жиндирго къудраталдалъун нужги хваралъуса рахъинарила гьес. 15 Нужеда лъаларебищ нужер чурхдулги МасихІил черхалъул бутІаби рукІин? МасихІил черхалъул бутІа хъахІбал черхлъун лъугьинабизе бегьилищ? Киданиги бегьуларо! 16 Нужеда лъаларебищ хъахІбаялда аскІов вегарасул черх гьелъул черхгун цолъулеблъи? ТІухьдузда хъван бугелъул: «гьел кІиялго цолъун, цого лъугьина». 17 ТІадегІанасде цолъарасул рухІ гьесул РухІгун цолъула. 18 ХъахІбалъи рикІкІад гьабе! Цогидал мунагьал инсанасул черхалдаса къватІирехун ккарал рукІуна. ХъахІбаяв чиясин абуни, мунагь гьабула жиндирго черхги хІакъирлъизабун. 19 - 20 Аллагьасдасан нужее щвараб Илагьияб РухІ жаниб чІолеб мукъадасаб рукълъун нужер черх букІин лъаларебищ нужеда? ЦІикІкІараб мухьги кьун росун ругелъул, нужго бетІергьанал чагІи гуро нуж. Аллагь кІодо гьавизе пайда босе нужерго чурхдуздаса!

7

1 Гьанже дица бицина нужеца дихъе кагътида хъван букІаралъул хІакъалъулъ. ЧІужугІаданалда аскІове къачІого вукІинго лъикІ бихьинчиясе. 2 Амма пасалъи цІикІкІун бугелъул, щивав бихьинчиясул жиндирго лъади йикІун лъикІ, щияй чІужугІаданалъулги жиндирго рос вукІун лъикІ. 3 Росас лъади бусада жиндасаго рикІкІалъизайизе бегьуларо, лъадиялъ росги бегьуларо. 4 Жиндирго черхалъул кверщел лъадиялъухъ гуро бугеб, росасухъ буго. Гьединго жиндирго черхалъул кверщел росасухъ гуро бугеб, лъадиялъухъ буго. 5 КІиялго разилъун, Аллагьасе гьари-дугІаялъе цодагьабго заманаялъ гурони, цоцаздаса ратІалъуге. Цинги нахъеги цадахъ рукІа. Гьедин хьвадани, илбисалда кІвеларо, чорхол гьава къинабизе кІолеб гьечІолъи бихьун, нуж къосинаризе. 6 Гьаниб дица нужее амру гьабулеб гьечІо гьедин гурони бегьуларилан. Нужее бигьалъи гьабулеб буго. 7 Гьайгьай, дие бокьилаан киналго гІадамал дун гІадин чІолелани. Амма Аллагьас щивасе гьунар кьун буго: цоясе гьадинаб, цогидасе додинаб. 8 Къороллъун хутІарал бихьиназдаги руччабаздаги дица абилаан, дун гІадин, ялгъузго рукІайилан. 9 Къороллъи хІехьезе кІолеб гьечІони, ригьин гьабизе ккела. Ригьнаде руссинго лъикІ, хІасраталъ рухІизегІан. 10 Ригьнада ругезени, дица гуреб, ТІадегІанас гьабулеб буго амру: лъади росасдаса ятІалъизе бегьуларо. 11 Нагагь ятІалъани, ялгъузго йикІине ккела яги росгун рекъезе ккела. Росасги лъади йиччан тезе бегьуларо. 12 Цогидаздани, ТІадегІанас гуреб, дица абулеб буго: диналъул вацасул лъади иман лъечІей йигони, амма росасда цадахъ чІезе къабуллъулейги йигони, къватІие йитІуге гьей. 13 ЧІужугІаданалъул рос иман лъечІев вугони, гьелда цадахъ чІезеги разилъулев вугони, ятІалъуге гьесдаса. 14 Иман лъечІев росасдаса Аллагь разилъула гьесул иман лъурай лъади сабаблъун. Иман лъечІей лъадиялдасаги Аллагь разилъула гьелъул иман лъурав рос сабаблъун. Гьедин букІунаребани, гьезул лъималги мажусиязулго гІадинал рукІинаан. Гьедин бугелъул, гьел лъималаздасаги Аллагь разилъула. 15 Иман лъечІев росасе яги лъадуе ратІалъизе бокьани, риччанте ратІалъизе. Гьедин кколеб бугони, диналъул вацасда яги яцалда тІадаб гьечІо жидерго ригьин цІунизе. Аллагьасни рекъон рукІайилан абулеб буго. 16 Дуда щиб лъалеб, лъади, дурго рос хвасар гьавизе дуда кІоларевлъи? Дуда щиб лъалеб, рос, дурго лъади хвасар гьайизе дуда кІоларейлъи? 17 Амма нужер щивав вукІине виччанте ТІадегІанас гьесие бихьизабураб хІалалда, гьев хутІизе виччанте Аллагьас гьев жиндихъего ахІараб куцалда. Гьединабго амру гьабула дица кинабго иман лъуразул агьлуялъеги. 18 Сунат гьабурав вугони Аллагьас ахІун, гьеб балъго гьабизе ккеларо. Сунат гьабичІев ахІун вугони, сунат гьабизеги ккеларо гьес. 19 Сунат гьабиги – рикІкІунаро, сунат гьабичІолъиги – рикІкІунаро, Аллагьасул амруял тІуразари буго аслуги кьучІги! 20 Аллагьас кинавлъун инсан жиндихъего ахІаниги, гьединавлъун хутІизе виччанте гьев. 21 Гьес ахІараб мехалъ мун лагълъун вукІарав ватани, гьелъулги пикру гьабуге дуца. Амма тархъанлъизе рес бугони, гьелъие гІамал гьабе. 22 ТІадегІанас жиндихъего ахІарав лагъ ТІадегІанасда цеве эркенав чилъун ккола, эркенго вукІаго ахІаравги МасихІил лагъ ккола. 23 Аллагьас цІикІкІараб мухьги кьун росун ругелъул, гІадамазул лагъзаллъун ккезе чІоге! 24 Кинавлъун гьес жиндихъего ахІаниги, гьединавлъун хутІизе виччанте, вацал, гьев Аллагьасда цеве! 25 Росасе инчІел ясазул рахъ цІехани, гьелъул рахъалъ ТІадегІанасдасан бачІараб амру гьечІо дихъ. Амма дица дирго пикру бицина, Аллагьасул баркаталдалъун дунги вугелъулха божизе бегьулев чи. 26 ЗахІматаб заман бугелъул, живго вугеб хІалалъ чІейго лъикІ чиясе. 27 Лъади ячун йигищ – йиччан тоге. Ячун гьечІищ – гьей ялагьизе лъугьунге. 28 Амма лъади ячинги мунагь гуро. ГІурай яс росасе инги мунагь гуро. Амма ригьнаде руссиндал, гьаб дуниялалъул къварилъи-захІмалъи рещтІина нужеде. Дие бокьилаан гьелдаса нуж цІунизе. 29 Дие бокьун буго, вацал, нужеда абизе, гьаб дуниялалъе заман дагьлъун бугилан. Лъудби рачаралги хьвадизе ккела лъудбиго гьечІел гІадин. 30 ГІодулел ругелги хьвадизе ккела гІодулелго гьечІел гІадин. Рохун ругелги хьвадизе ккела рохунго гьечІел гІадин. Босаралги хьвадизе ккела жидеца щибго босичІеб гІадин. 31 Дуниялалъул ишазде машгъуллъаралги хьвадизе ккела гьезде машгъуллъунго гьечІел гІадин. Гьаб дуниял тІагІун инехъин бугелъулха! 32 Дие бокьун буго нуж сундулго ургъел гьечІого рукІине. Лъади гьечІев чи ТІадегІанасе гьабулеб тІагІаталъул ургъалида вукІуна, ТІадегІанав разилъи тІалаб гьабула гьес. 33 Лъади йигев чи дуниялалъул ургъалида вукІуна, лъади разилъи тІалаб гьабула гьес. 34 Гьедин кІийиде викьун вукІуна лъади ячарав чи. Росасе инчІей чІужугІадан яги гІолохъанай яс ТІадегІанасе гьабулеб тІагІаталъул ургъалида йикІуна, гьесда цебе черхги ракІги бацІцІадго цІунизе. Рос вугей чІужугІадан дуниялалъул ургъалида йикІуна, рос разилъи тІалаб гьабула гьелъ. 35 Дица гьеб кинабго абулеб буго нужее лъикІлъиялъе. Щибниги жо нужее гьукъизе гуро дун кІалъалев вугев. Дие бокьун буго гьениб нужер ишазулъ гІадлу-тадбир букІине ва сундего машгъуллъичІого нужеца ТІадегІанасе хъулухъ гьабизе. 36 Лъицаниги рикІкІунеб бугони абурай яс ячинчІого тезе рекъараб гьечІилан, гьелдехун бугеб хІасратги къезабизе кІолеб гьечІони, биччанте гьес жиндирго рекІее бокьараб гьабизе. Гьей ячани гьев мунагьалъукье кколаро. 37 Амма гьей ячине сунцаниги тІамулев гьечІони, ячинчІого тезе кьури гьечІеб хІукмуги гьабун бугони, жиндирго хІасраталда квелъ базеги кІолеб бугони, – гьеб лъикІ ккела. 38 ХІасил: жиндирго абурай ячин лъикІ буго, амма ячинчІого тани, дагьабги лъикІ. 39 Лъади ригьнада хутІула гьелъул рос чІаго вугевгІан заманалда. Рос хвани, гьелъул ихтияр буго жиндиего бокьарав чиясе ине. Амма ГІисаде иман лъурав чи вукІине ккела гьев. 40 Къороллъудаго чІани, гьей жеги талихІай йикІина. Гьединаб буго дир пикру, Аллагьасул РухІ щварав чи вугилан ккола дун.

8

1 Гьанже бицинин мажусиязул аллагьзабазе къурбаналъе хъурал жалазул гьанал хІакъалъулъ. Нилъер киназулго гІелму-лъай бугилан битІун абулеб буго нужеца. Амма гІелму-лъаялъ гІадамасул гІамал кІодолъизабула. Рокьиялъ берцинго гІуцІула инсанасул гІумру. 2 Жинда цо щибниги лъалилан ракІалде кколеб бугони, унго-унгояб лъай гьесие щун букІунаро. 3 Амма Аллагь вокьулев чи Аллагьасда лъала. 4 Мажусиязул аллагьзабазе къурбаналъе хъурал жалазул рахъ босани: нилъеда лъала гьезул аллагьзаби щибго гурел жал рукІин, цо гурони, тІокІав батІияв Аллагь гьечІевлъиги. 5 Ракьалда рукІа, зобалазда рукІа гьел аллагьзабийилан абулел жал ругилан телин (гьел цІакъ гІемер руго – «аллагьзабийилан» абулелги, «бетІергьабийилан» абулелги). 6 Амма нилъер Эмен – Аллагь цохІо вуго, жинца кинабго бижарав ва жиндиего гІоло нилъ рижарав. Нилъер цо бетІергьан вуго – ГІиса МасихІ. Гьесдалъун бижун буго кинабго, гьесдалъун нилъги чІаголъана. 7 Киназдаго гуребха гьеб лъалеб. Цо-цоял гьел гьересиаллагьзабазде цІакъго ругьунлъун руго ва гьез гьанжегицин мажусиязухъа босараб гьан кваналеб буго, дозие къурбанлъун гьебги рикІкІун. Мунагь ккеладайилан щакдарулелги руго гьел, хІарамаб жоцин кваналеб бугодай жидецаян. 8 Амма кваница нилъ Аллагьасде гІагар гьаруларо. Гьеб кваначІогойилан камулеб жоги гьечІо нилъее, квананилан щолеб жоги гьечІо. 9 Бегьулебилан рикІкІунебги бегьуларебилан рикІкІунебги кваналеб букІин гьел иман загІипазе нухда хІетІе тункулеб гамачІлъун лъугьине гурин. 10 Мунагь ккеладайилан щакдарулев чиясда вихьани гьединаб лъай бугев мун мажусиязул мукъадасаб рокъов гІодовги чІун кваналев, духъ валагьун, гьесги кванала гьезул къурбаналъул гьан. 11 Гьедин гьеб дур «гІелму-лъай» сабаблъун – гьев иман загІипав чи – жиндие гІоло МасихІ хвалде арав дур диналъул вац хвезеги бегьула. 12 Дурго вацазе заралаб мунагь гьабун, щакдарулеб гьезул ракІги лъукъун, МасихІиде дандечІун мунагь гьабулеб буго дуца. 13 Гьедин, дир вац къосиналъе сабаблъун квен лъугьунеб бугони, гьев къосинавизегІан, киданиги гьан кІалдибе босичІого чІела дун!

9

1 Дун эркенав чи гурищ? Дун МасихІил чапар гурищ? Нилъер ТІадегІанав ГІиса вихьарав чи гурищ? ТІадегІанасде нуж цолъи дир хІаракатчилъиялъул хІасил гурищ? 2 Цогидазе дун чапар ватичІониги, нужее дун чапарлъидалха! ТІадегІанасде цолъараб нужер гІумруялъ нугІлъи гьабула дун МасихІил чапар вукІиналъе. 3 Гьеле гьедин, дунго ритІухъ гьавун, жаваб кьола дица дир ишазул цІех-рех гьабизе бокьаразе. 4 Кваназеги гьекъезеги гІарац щвезе ихтияр гьечІебищ нижер? 5 Нижер ихтияр гьечІебищ, цогидал чапарзабаз гІадин, ТІадегІанав ГІисал вацаз яги Пётрица гІадин, нилъер диналъул яцаздасан лъади ячине ва гьейгун цадахъ сапаралде ине? 6 Яги гІицІго диеги Барнабаегийищ ихтияр гьечІеб бетІербахъиялъе хІалтІичІого чІезе? 7 Мухьдахъ ккурав рагъухъан жиндирго гІарацги харж гьабун вагъулевищ? Жиндирго цІибил квинчІого толебищ ахихъанас? Жиндирго рохьдолъа гІачиязул рахь гьекъечІого толебищ вехьас? 8 ГІадамазул гІадатияб гІумру-яшавалдасан гьединал мисалал рачине бегьи гуребги, гьелъулго хІакъалъулъ Къануналдаги буго. 9 Мусал Къануналда хъван бугелъулха: «Лал бокъунеб бугеб оцол кІалалда таргьа баге», – ян. Аллагьас оцазул тІалаб-агъаз тІаде босун абурал рагІабийищ гьел? 10 Гьес нилъер хІакъалъулъ гуребдай гьеб абун бугеб? Гьайгьай, нилъер хІакъалъулъ абун буго. Векьарухъанас бекьула ва лал тІамулес лалги тІамула хуриса бачІаралъул бутІа щвезе хьулалда. 11 Нужеда гьоркьоб Илагьияб РухІалъул хьон хьарал нижеца хьул-къасд гьабулеб бугони, гьелдасан бижаралъул бутІа бетІербахъиялъе щвелародайилан – цІикІкІараб мухьищха гьеб кколеб? 12 Цогидазул ихтияр батани нужедасан кумек тІалаб гьабизе, гьайгьай, нижер жеги цІикІкІараб ихтияр буго гьелъие. Амма нижеца киданиги пайда босичІо гьеб ихтияралдаса. Нижеца кинабго хІехьола МасихІил хІакъалъулъ Рохалил хабаралъе сундулъго квалквал-квекІен гьечІого хутІизе. 13 Нужеда лъаларебищ Мукъадасаб Рокъоб хъулухъ гьабулел чагІаз гьенисан бетІербахъулеблъи? Къурбаналъул гьан лъолеб бакІалъул тІалаб гьабулезеги гьеб къурбаналъул бутІа жидеего босизе ихтияр букІин лъаларебищ? 14 Гьединго ТІадегІанасги бихьизабун буго Рохалил хабар лъазабулезги гьелдасан бетІербахъеян. 15 Гьединаб цониги ихтияралдаса цониги нухалъ пайда босичІо дица. Гьанжеги дица нужехъе гьеб тІалаб гьабун гуро хъвалеб бугеб. Дунго чІухІизе бегьулелдаса махІрумлъизегІан хвезе бокьила. 16 Рохалил хабар лъазабулеб бугилан чІухІдаризе бегьуларо дун. Дица тІубазабичІого гІолареб тІадкъай бугелъулха гьеб! Рохалил хабар халкъалда лъазабичІони, балагь рещтІаги диде! 17 Дунго лъикІав лъугьун гьеб гьабулеб букІарабани, гьелъухъ мухьги щвелаан дие. Дунго лъикІав лъугьун гуро, дида тІадкъан бугелъул гьабулеб буго. 18 Щиб кириха дие щолеб бугеб? Дие щолеб кири ккола – дица щибго мухь гьечІого Рохалил хабар лъазабулеб букІин ва гьелдалъун дие бугеб ихтияралдаса пайда босулеб гьечІолъиги. 19 Дун эркенав чи вуго, лъилниги лагъ гуро, амма дун киназулго лагълъун лъугьана, кигІан кІваниги цІикІкІун гьел дихъ гІенеккизе бокьун. 20 ЖугьутІазда гьоркьов дун лъугьана жугьутІав гІадин, жугьутІал дихъ гІенеккизе бокьун. Къанун цІунулезда гьоркьов дун хьвадана гьеб Къанун цІунулев чи гІадин (Къануналъ дида тІад кверщел гьабулеб гьечІониги), Къанун цІунулелалги дихъ гІенеккизе бокьун. 21 Къанун лъаларезда гьоркьов дун чІана Къанун лъаларевлъун, (амма МасихІил кверщаликь вугев дида Аллагьасул къанун лъала), Къанун лъаларел чагІиги дихъ гІенеккизе бокьун. 22 ЗагІипазе дун загІипавлъун лъугьана, загІипалги дихъ гІенеккизе бокьун. Киназдаго гьоркьов дун гьезда релълъун лъугьана, щиб сабаб-гІамал батунги гьезул цо-цоялгІаги хвасар гьаризе бокьун. 23 Гьеб кинабго дица гьабулеб буго Рохалил хабаралъе гІоло, гьелъул баркаталъул бутІа насиблъизе бокьун. 24 Нужеда лъаларищ: къецазда киналго рекерухъаби рекерула, амма бергьенлъиялъул шапакъат цоясе гурони щоларо. Нужги рекере гьеб шапакъат щвезе бокьун. 25 Къецазул киналго гІахьалчагІаз гІемераб жоялдаса жалго махІрум гьарула, речІалел тІугьдузул гор щвезе бокьун. Нилъецани гьеб гьабула речІаларел тІугьдузул гор щвезе бокьун. 26 Гьедин дунги векерулев вугев ватани, мурадалде щвезе бокьун векерулев вуго. Зарул рагъулъ дунги гІахьаллъулев вугев ватани, зарал гьаваялде хьвагІизе гуро. 27 Кьабулеб-тункулебги хІехьон, квегъулеб буго дица черх, гьелда тІад кверщелги гьабулеб буго, цогидалги къецазде ахІун, дунго гъоркь хутІилевилан хІинкъун.

10

1 Дие бокьун буго, вацал, нужеда ракІалде щвезабизе: Мисриялдаса нахъе унеб мехалда нилъер киналго умумул накІкІул рагІдукь ккун рукІана, киназго ралъадги бахана. 2 Киналго гьел Мусада нахърилълъун накІкІуцаги ралъдацаги чурана. 3 Гьез киназго кванана цого-цо илагьияб квен, 4 цого-цо илагьияб гьекъелги гьекъана гьез. Илагьияб кьурулъан чвахун бачІараб лъим гьекъана гьез. Гьеб кьуру гьезда цадахъ букІана. МасихІ ккола гьеб. 5 Амма гьезул гІемерисез Аллагь рази гьавичІо – гьезул жаназаби авлахъалда щущана. 6 Гьеб буго нилъее мисал – гьел гІадин нилъ квешлъиялда нахърилълъинчІого рукІине. 7 Гьезул цо-цояз гІадин аллагьалилан тарал жалазе лагълъи гьабуге нужеца. ТІухьдузда хъван бугелъулха: «ГІодор чІун кваназе-гьекъезе лъугьана халкъ, цинги аллагьилан тараб жоялъул хІурматалда пасатабщинабги хъубабщинабги гьабизе лъугьана». 8 Гьезул цо-цояз гІадин хъахІбалъи гьабиларин нилъеца. Гьез хъахІбалъи гьабуна – ва цохІо къоялъ гьезул къоло лъабазарго чи хвана. 9 Гьезул цо-цоял гІадин, БетІергьанасул хІалбихьизе лъугьинарин нилъ. Гьел хвана борхьаз хІанчІун. 10 Гьезул цо-цоял гІадин, Аллагьасде дандечІун, гъулгъудизе бегьуларо нилъ. Гьеб сабаблъун хвалил малаикас хвезаруна гьел. 11 Гьеб киналъулго хІакъалъулъ ТІухьдузда хъван буго нилъее гІакълу щвеялъе гІоло. Ахирзаманаялде гІагарлъулел ругелъулха нилъ. 12 Гьединлъидал, вахъун чІун вугилан ккарав гІодов ккезе гурин. 13 ГІадамазда гьоркьоб букІунеб гурони гІазаб-балагь рещтІинчІо нужеде. Аллагьас жиндирго къотІи хвезабуларо – хІехьезе кІолареб гІазаб-балагь биччаларо гьес нужеде. ГІазаб-балагьалда цадахъго гьес нужее бихьизабила гьеб хІехьезе ресги. 14 Гьединлъидал, дир хириял, гьересиаллагьзабазе лагълъи гьабиялдаса рикІкІалъе. 15 ГІакъилал гІадамазда гІадин бицунеб буго дица нужеда. Нужецаго пикру гьабе дица бицаралъул. 16 ТІадегІанасул хІурматалда нилъ гІодор чІун сардилъ кванала ва, гьари-дугІа гьабун, щурминиса чагъирги гьекъола, – гьелъул магІна ккола МасихІица тІураб бидулъ нилъерги бутІа букІин. Кваналаго нилъеца чед бекиялъул магІна ккола МасихІил чорхолъги нилъер бутІа букІин. 17 Гьеб чед цо бугелъул, нилъ гІемер ругониги, цохІо черх лъугьуна. Нилъеца кинацаго цохІо чед цоцазе бикьун кваналелъулха! 18 Исраилил халкъалъухъ балагье: къурбаналъе хъураб жо кваналелщиназ жидерго бутІа лъолагури гьез гьабулеб тІагІаталъулъ. 19 Щиб абизе дие бокьун бугеб: гьересиаллагьзабазе гьабулеб къурбан магІнаяб жо бугиланищ? яги гьересиаллагь магІнаяб жо бугиланищ? 20 Гуро! Дие абизе бокьун буго: мажусиязул къурбан гьез Аллагьасе гуро гьабулеб, жундузе гьабула. Дие бокьун гьечІо нужеца жундузулгун гьоркьоблъи гьабизе. 21 Цин ТІадегІанасул щурминисан, цин жундузул щурминисан гьекъезе бажариларо нужехъа. Цин ТІадегІанасул столалдасан, цин жундузул столалдасан кваназеги бажариларо. 22 БетІергьанасул ццин бахъинейищ нужее бокьун бугеб? Гьесдаса къуваталищ нилъ ругел? 23 «Бокьарабщинаб гьабизе бегьула», – ян абула цо-цояз. Амма бокьарабщиналъул гуро пайда бугеб. «Бокьарабщинаб гьабизе бегьула». Амма бокьарабщиналъ гуро кумек гьабулеб. 24 Биччанте щивав чи жиндиего пайдаялъе гуреб, гІагарда вугесе пайдаялъе хІалтІизе. 25 Нужеца базаралдаса гьан босе щибго цІехечІого ва хІинкъичІого кванай. 26 ТІухьдузда хъван бугелъулха: «Ракьги ракьалда бугебщинабги БетІергьанасулин». 27 Иман лъечІев чияс мун гьоболлъухъ ахІани, ине ракІалде ккани, дудаго цебе лъураб жо кванай щибго цІехечІого ва хІинкъичІого. 28 Мажусиязул къурбаналъул бугин гьеб квенилан дуда лъицаниги абуни, дуца гьеб кванаге, дуда гьеб абурав чи гІодове виччазавизе. 29 Гьеб кваназе мун хІинкъиялъул гуро дица бицунеб бугеб, гьев хІинкъун вукІиналъулин. Цо лъицаниги гьикъани: «Цогидасул хІинкъи сабаблъун диего бокьараб гьабичІого тезе щай дица кколеб? 30 Аллагьасе реццги гьабун дица гьеб квани, лъица дида гІайиб чІвалеб, Аллагьасе рецц гьабун дун квананилан?» 31 Щиб гьабулел ругониги – кваналел ругониги, гьекъолел ругониги, – Аллагьасе рецц гьабичІого тоге. 32 ЖугьутІалги, грекалги, Аллагьасде иман лъуразул агьлуги къосинариларедухъ хьваде нуж. 33 Диего пайдаялъе гуреб, гьел хвасарлъизе гІологи гІемеразе пайдаялъе гІологи хІалтІулев дун гІадин хьваде.

11

1 Дица МасихІидасан мисал босулеб бугеб гІадин, дидасан нужецаги мисал босе. 2 Дица нуж реццула, дун нужеда киданиги кІочон толев гьечІелъул, дие щваралда рекъон нужеда дица малъарабги рехун толеб гьечІелъул. 3 Амма дие бокьун буго нужеда бичІчІизе: щивав чиясул бетІергьан МасихІ вуго, лъадиялъул бетІергьан рос вуго, МасихІил бетІергьан Аллагь вуго. 4 ДугІа гьабулеб яги иман лъуразул агьлуялда Аллагьасул амру лъазабулеб мехалъ бихьинчияс тІагъур бахъичІони, жиндирго бетІер инжит гьабула гьес. 5 ДугІа гьабулеб яги иман лъуразул агьлуялда Аллагьасул амру лъазабулеб мехалъ чІужугІаданалъ кІаз тІаса бахъани, жиндирго бетІер инжит гьабула гьелъ. БетІер кІкІварай гІадин йикІунелъулха гьей. 6 КІаз чІвазе бокьуларей чІужугІаданалъ бетІер къунцІизе ккела. КъунцІараб яги кІкІвараб бетІергун хьвадизе гьей намуслъулей йигони, биччанте гьелъ кІаз чІвазе. 7 Бихьинчияс тІагъур лъезе бегьуларо, Аллагьас кІодо гьавизе вижун вугелъул гьев. ЧІужугІаданги йижун йиго бихьинчи кІодо гьавизе. 8 ЧІужугІаданалдасан вижичІелъулха бихьинчи, бихьинчиясдасан чІужугІадан йижидал. 9 ЧІужугІаданалъе гІоло вижичІелъулха бихьинчи, бихьинчиясе гІоло чІужугІадан йижидал. 10 Гьединлъидалин чІужугІаданалъ бетІералда кІаз чІвазе кколеб, гьей росасул ихтияралда йикІин малаикзабазда лъазе. 11 Амма ТІадегІанасде цолъараб мехалда лъадиги росасул ихтияралда йикІуна, росги лъадиялъул ихтияралда вукІуна. 12 ЧІужугІадан бихьинчиясдасан йижун йикІаниги, бихьинчи чІужугІаданалъ гьавуна. Кинабгоги Аллагьасдасан буго! 13 Нужецаго пикру гьабе, чІужугІаданалда рекъараб бугищ бетІерги гІицІго тун дугІа гьабизе? 14 Жибго тІабигІаталъги бихьизабулеб гьечІищ нужеда халатаб расалъ бихьинчи суризавулев вукІин? 15 Халатаб расалъ чІужугІадан берцинлъизаюлей гьечІищ? БетІералда чІвалеб кІаз гІадин буго гьелъие рас. 16 Гьелда дагІба базе бокьарав чиясда дица абила, нилъерги гьечІин гьединаб гІадат, иман лъуразул жамагІатазулги гьечІин. 17 Гьанже гьабизехъин бугеб насихІаталъулъни дица нуж рецциларо: нужер данделъиялъул зарал цІикІкІараб буго гьелъул пайдаялдаса. 18 Цо бугони, дида рагІана нужер агьлу данделъараб мехалда гьениб дагІба-рагІи кколилан. Гьеб тІубанго гьереси гьабизеги кІвеларо. 19 Жидедаса Аллагь разилъаралал ратІа рахъизе лъазелъун нужеда гьоркьоб рикьи ккезе кколелъулха. 20 Масала, гьенир данделъараб мехалда ТІадегІанасул хІурматалда гуро нуж кваналел. 21 Цоясдаса цояв цеве ккезе тІалаб гьабун кваналел-гьекъолел руго нуж – цояв вакъун хутІулев вуго, цогидав мехтулев вуго. 22 Кваназеги гьекъезеги нужер рукъ гьечІебищ? Аллагьасде иман лъуразул агьлу инжит гьабизеги мискин-пакъир къварид гьавизегийищ нуж данделъулел? Щибха дица абилеб? Нуж реццизейищ лъугьинев? Лъугьинаро! 23 ТІадегІанасдасан лъана дида гьаб кинабго нужеда малъулеб бугебщинаб. Досие хиянат гьабураб сордоялъ ТІадегІанав ГІисаца, цо чедги кодобе босун, 24 тІаде дугІаги гьабун, гьебги бек-бекун абуна: «Гьаб буго нужее гІоло къурбанлъулеб дир черх. Дунги ракІалде щун, нужецаги гьабе гьадин». 25 Кванан рахъараб мехалъ, додинго щурунги кодобе босун, гьес абуна: «Гьаб буго дир би – ЦІияб КъотІи щулалъиялъе тІолеб би. Гьеб щурминисан чагъир гьекъолеб мехалъ, дун ракІалде щва нужеда». 26 Гьединлъидал гьеб чед кваналебщинахъе ва гьеб щурминисан чагъир гьекъолебщинахъе нужеца, Дов вачІинегІан, гІадамазда лъазабулеб буго ТІадегІанасул хвалил хІакъалъулъ. 27 Гьедин, бегьулареб къагІидаялъ ТІадегІанасул чед кваналев ва гьесул щурминисан чагъир гьекъолев чияс мунагь гьабулеб буго – ТІадегІанасул черхги биги инжит гьабулеб буго. 28 Цин инсан жиндирго рекІелъе ваккизе ккола, мустахІикъав вугищали лъазе. Цинги кваназе бегьула гьеб чед ва гьеб щурминисан чагъир гьекъезеги бегьула. 29 ТІадегІанасул черх бичІчІичІого кваналев ва гьекъолев чияс жиндаго тІаде тамихІ цІалеб буго. 30 Гьединлъидалин нужеда гьоркьор загІипалги унтаралги гІемерлъун ругел, цо-цоял холелги ругел. 31 Цин нилъ нилъерго рекІелъе раккани, Аллагьасул тамихІ букІинаро нилъее. 32 Аллагьас нилъее тамихІги гІадлуги гьабулеб буго, – цогидаб гІаламалъе букІине бугеб жазаялдаса нилъ хвасарлъизе. 33 - 34 Гьединлъидал, вацал, нужер данделъи Аллагьасул тамихІлъун лъугьинчІого букІине, кваназе киналго тІаде щвезегІан чІа. Вакъарав чи рокъовго кванан вачІа. Цогидал амруял дица нужее кьела дунго гьениве вачІараб мехалъ.

12

1 Илагьияб РухІалъ кьураб махщел-гьунаралъул рахъалъ абуни, дие бокьун гьечІо, вацал, нужеда гьеб мекъи бичІчІизе. 2 Нужеда ракІалда бугищ, мажусияллъун рукІараб заманалда аллагьзабийилан тарал, кІалъазе кІал гьечІел жалазе лагълъи гьабиялъ нуж батІи-батІияб къагІидаялъ къосинарураб куц? 3 Гьединлъидал дие бокьун буго нужеда бичІчІизе: инсанасулъ Аллагьасул РухІ бугони, гьес абиларо ГІисае нагІана батагийилан. Жиндилъ Илагьияб РухІ гьечІони, лъицаниги абиларо ГІиса ТІадегІанав вугилан! 4 Махщел-гьунар батІи-батІияб букІуна. Амма гьеб кинабго цохІо Илагьияб РухІалъ кьола. 5 Хъулухъ гьабиялъулги руго батІи-батІиял къагІидаби. Амма гьел киналго цохІо ТІадегІанасе руго. 6 ХІалтІи-ишги батІи-батІияб буго. Гьеб кинабго гьабизе киналго тІамулев Аллагь цохІо вуго. 7 Щивав инсанасулъе РухІ хасаб къагІидаялъ рещтІуна киназего пайдаялъе. 8 Цоясе РухІалъ кьола гІакъилаб калам, цогидасе гьебго РухІалъ кьола гІелму-лъай малъизе махщел. 9 Гьебго РухІалъ цогидасулъе иман тІинкІула, цогидасе гьебго РухІалъ кьола унтарал сахлъизаризе гьунар; 10 цоясе кьола мугІжизат бихьизабизе къудрат, цогидасе – иман лъуразул агьлуялда Аллагьасул амру лъазабизе махщел; цоясе – РухІалдасан бугебги гьелдасан гьечІебги батІа гьабизе гьунар, цогидасе – батІи-батІиял мацІазда кІалъазе лъай, яги батІи-батІиял мацІазда бицунеб жо цогидазда бичІчІизабе бажари. 11 Гьеб кинабго гьабула цохІо РухІалъ, гьедин жиндиего бокьухъе щивав чиясе кьола гьелъ махщел-гьунар. 12 Мисалалъе босилин инсанасул черх. Черх цо буго, лугби гІемер руго. КигІан гІемер ругониги гьел лугбуздасан лъугьун буго цохІо черх. Гьединав вуго МасихІги. 13 ЦохІо РухІалдалъун киналго нилъ чурун рацІцІалъана, цого черхлъун лъугьана – жугьутІалги, грекалги, лагъзалги, уздензабиги. Цого РухІалдасан гьекъезаруна киналго. 14 Цо лагаялдасан гуро черх лъугьун бугеб, гІемераздасанин. 15 Масала, бохалъ жиб квер гурин ва гьаб черхалъул лагаги гурилан абуниги, чорхол лагалъун хутІулагури гьеб. 16 Яги гІиналъ жиб бер гурин ва гьаб черхалъул лагаги гурилан абуни, чорхол лагалъун хутІулагури гьеб. 17 ТІолабго черх цохІо бералдасан гІуцІараб букІарабани, гьелда кин рагІилеб букІараб? ТІолабго черх гІиналдасан гІуцІараб букІарабани, махІ кин гьелда лъалеб букІараб? 18 Амма Аллагьас киналго лугби ургъунго цо чорхолъ рекъезарун руго ва щибаб лагаялъе бакІги бихьизабун буго. 19 Кинабго цо лага бугони, черх букІинищха. 20 Гьединлъидал лугби гІемер руго, черх цо буго. 21 Бералъ квералда абизе рес гьечІо дие мун къваригІунарилан. Яги бетІералъ бохдузда абизе рес гьечІо дие нуж къваригІунарилан. 22 Амма бищунго загІипалилан кколел лугби чорхое лъугьун ратула бищунго къваригІунеллъун. 23 - 24 «ХІурмат гьабизе» кколарелилан рикІкІунел лугбузул гурищ нилъеца цІикІкІун тІалаб гьабулеб? Берцинал лугбуздехун гьечІеб тІалаб-агъаз гьабулагури нилъеца сураралилан кколел лугбузул. Аллагьас черх гІуцІун буго къимат гьечІел лугбузул тІалаб-агъаз цІикІкІунеб къагІидаялъ, 25 – чорхолъ дагІба-рагІи ккечІого букІине ва киналго лугбуз бащадго цоцазул тІалаб-агъазги гьабизе. 26 Цо лага унтани, киналгоги унтула. Цо лага беццани, киналгоги рохула. 27 Нуж киналго МасихІил черх ккола. Нужер щивав чи гьеб чорхол лагаги бутІаги ккола. 28 Иман лъуразул агьлуялъе Аллагьас тІоцере чапарзаби тІамуна, кІиабизе – халкъалда Аллагьасул амру лъазабулел чагІи, лъабабизе – мугІалимзаби, цинги мугІжизат бихьизабулел чагІи, цинги гІадамал сахлъизарулел чагІи, кумекчагІи, бетІерлъи гьабулел чагІи, батІи-батІиял мацІазда кІалъалел чагІи ритІана. 29 Кинавго чи чапар вукІуневищ? Кинавго чиясухъа бажарулебищ Аллагьасул амру халкъалда лъазабизе? Кинавго чи мугІалим вукІуневищ? Кинавго чиясда кІолебищ мугІжизат бихьизабизе? 30 Кинавго чиясул букІунебищ унтарал сахлъизаризе гьунар? Кинавго чиясухъа бажарулебищ батІи-батІиял мацІазда кІалъазе? Кинавго чиясухъа бажарулебищ батІи-батІиял мацІазда цогидазда бичІчІизабизе? 31 Амма нужеца тІалаб гьабе бищунго лъикІаб махщел-гьунар щвезе. Гьанже дица нужеда бихьизабила гьелдасаги лъикІалде нуж рачунеб нух.

13

1 Киналго халкъазул, малаикзабазулгицин мацІалда кІалъазе лъалеб бугониги, дилъ рокьи гьечІони – дун ккола бухулеб къалиги пулеб зурмаги. 2 Аллагьасул киналго амруял дица халкъалда лъазарулел ругониги, кинабго балъгояб гІелму-лъай дилъ бугониги, мугІрул рилълъанхъизаризе кІолеб божи-иман бугониги, – дилъ рокьи гьечІони, дунги гьечІо. 3 Дица дир бугебщинаб боцІи-рикъзи мискинзабазе бикьаниги, дирго черх бухІизе кьуниги – дилъ рокьи гьечІони, щибго пайда гьечІо дие. 4 Рокьулъ сабру буго, гурхІел-рахІму буго, рокьулъ берчІегІерлъи гьечІо, рокьи беццаруларо, рокьи чІухІдаруларо, 5 рокьулъ тІасанккей гьечІо, жиндиего пайдаялда хадубги лъугьунаро, рокьи ццидахунаро, гІайиб-гъвел гьелда кІочон тола, 6 квешабщиналдаса бохуларо гьеб, хІакъабщиналдаса бохула. 7 Рокьи кидаго тІасалъугьуна, кидаго божула, кидаго хьул-къасдалда букІуна ва гьелъ щибго хІехьола. 8 Рокьи киданиги лъугІуларо. Аллагьасул амруял халкъалда лъазарулел руго – гьеб лъугІила. БатІи-батІиял мацІазда кІалъалел руго – гьебги тІагІина. ГІадамазулъ гІелму-лъай буго – гьебги лъугІила. 9 Нилъер гІелму-лъай камилаб гьечІелъулха, Аллагьасул амруял ричІчІиги камилаб гьечІелъулха. 10 ТІубанго камиллъараб тІаде бачІараб мехалъ, камиллъичІебщинаб тІагІина. 11 Лъимер вугеб мехалда дун лъимер гІадин гаргадулаан, лъимаца гІадин пикру гьабулаан, лъимадул гІадинаб гІакълуги букІана дир. КІудияв гІураб мехалъ, кинабго доб лъимадулаб дилъа лъугІана. 12 Гьанже нилъеда бихьулеб буго басрияб матІуялъусан гІадин. Доб мехалда цебе лъун бихьила. Гьанже дида цо бутІа лъала, доб мехалда тІубанго лъазе буго, Аллагьасда дун тІубанго лъалев вугев гІадин. 13 Гьанже нилъеда цадахъ хутІун буго божиги, хьулги, рокьиги. Гьеб лъабалъулго бищунго тІадегІанаб ккола рокьи.

14

1 Рокьи нужелъ цІикІкІине хІаракат бахъе. Илагьияб РухІалъ кьолеб махщел-гьунарги тІалаб гьабе, сундасаго цІикІкІун тІалаб гьабе Аллагьасул амруял халкъалда лъазаризе бажари. 2 БатІи-батІиял мацІазда гаргадулев чи гІадамаздехун гуро кІалъалев, Аллагьасдехунин. Илагьияб РухІалъул къудраталдалъун гьес балъголъи рагьулеб мехалъги, лъиданиги вичІчІуларо гьев. 3 Аллагьасул амруязул хІакъалъулъ бицунев чияс гІадамазе насихІат гьабула, къвакІун чІезеги ракІ бохизеги кумек гьабула. 4 БатІи-батІиял мацІазда кІалъаялъул пайда кІалъалесе букІуна, Аллагьасул амруял халкъалда лъазариялъул пайда иман лъуразул агьлуялъе букІуна. 5 Дие бокьилаан батІи-батІиял мацІазда нуж киналго кІалъазе, амма дагьабги лъикІ букІина Аллагьасул амруял халкъалда лъазаруни. Аллагьасул амруял халкъалда лъазарулев чи батІи-батІиял мацІазда кІалъазе лъалев чиясдаса тІадегІанав вуго. Иман лъуразул агьлуялъе пайда букІуна гьел мацІазда бицунеб жо бичІчІизабизе бажарулев чи гьезда гьоркьов вугони. 6 Масала, нужехъе вачІун дун батІи-батІиял мацІазда кІалъани, дидасан кинаб пайда, вацал, нужее букІинеб? Аллагьасдасан амру нужеда лъазабулеб гьечІони, цогІаги гІакълу-насихІатги дидасан щолеб гьечІони, – щибго пайда букІинаро. 7 Мисалалъе росилин рухІ гьечІел жал – щвантІихги чагурги. Гьаркьал ратІа рахъизе лъаларедухъ щвантІих пулеб бугони яги чагур хъвалеб бугони, гьезда бачунеб бакъан кин лъалеб? 8 Накъираялъул гьаракь магІна бичІчІулареб бугони, рагъде хІадурлъизехъин рукІин кин лъалеб? 9 Гьединго, лъиданиги лъалареб рагІи бичІчІулареб мацІалда дуца абулеб бугони, лъида мун вичІчІилев? Гьаваялда багъараб гьаракьлъун хутІила дур калам. 10 Дуниялалда цІакъго гІемерал мацІал руго, амма магІна гьечІеб рагІи цониги батуларо. 11 Дида мацІ бичІчІулеб гьечІони, гьеб мацІалъул чи дие чияр чи вуго, дунги гьесие чияр чи вуго. 12 Илагьияб РухІалдасан махщел-гьунар щвезе нужее бокьун батани, иман лъуразул агьлуялъе пайдаяб махщел-гьунар цІикІкІинабе. 13 БатІи-батІиял мацІазда кІалъалев чияс гьаризе ккола гьеб бичІчІизабизе гьунарги кьейилан. 14 БичІчІулареб мацІалда дица дугІа гьабуни, – гьеб лъугьуна дилъ бугеб Илагьияб РухІалъ гьабулеб, амма дир гІакълу-пикру гІахьаллъичІеб дугІалъун. 15 Щибха дица гьабизе кколеб? РухІалъ малъухъеги гьарила дица Аллагьасда, дирго гІакълу-пикруялдалъунги гьарила. РухІалъ малъухъеги ахІила дица Аллагь веццарал туркаби, дирго гІакълу-пикруялдалъун бичІчІараб куцалъги ахІила. 16 Дуца Аллагьасе рецц РухІалъ малъухъе гьабулеб бугони, гьеб бичІчІизе гьунар гьечІев чияс дуда хадуб «Амин» абиларо. Дуца щиб бицунеб бугебали лъаларелъулха гьесда. 17 Дуца лъикІаб гІамал гьабуна, амма цогидазе гьелъул пайда бахинчІо. 18 Аллагьасе рецц, нужер киназдасаго лъикІ лъала дида батІи-батІиял мацІазда кІалъазе, 19 амма иман лъуразул данделъиялда дица гьезда бичІчІулеб щуго рагІи абун гьабураб насихІат лъикІ, бичІчІулареб мацІалда аза-азар рагІи абиялдаса. 20 Лъимадул гІадинаб гІакълу-пикругун хьвадуге, вацал. Кинида ругел лъималазгІанги квешлъиги гьабуге, кІудиял гІурал гІадамаз гІадин пикруги гьабе. 21 Къануналда хъван буго: «БатІи-батІиял мацІаздалъун ва гьезие чияраб каламалдалъун кІалъалел гІадамал тІамила дица гьеб халкъалда тІад, амма гьебмехалдаги гьел дихъ гІенеккиларо», – ян абулеб буго БетІергьанас. 22 Гьедин, Аллагьас батІи-батІиял мацІал жиндирго гІаламатлъун иман лъуразде гуро рещтІинарурал, иман лъечІездейин. Амма Аллагьасул амруял халкъалда лъазаризе гьунар – гьеб иман лъечІезе гуро, иман лъуразе гІаламат буго. 23 Масала, иман лъуразул тІолабго агьлуялъул данделъиялда щивав чи бичІчІулареб мацІалда кІалъалев вугеб мехалъ, гьенире рачІани гьеб гьунар жиделъ гьечІел яги жидеца иман лъечІел гІадамал, нуж гІадаллъун ругилан абиларищ гьез? 24 Амма Аллагьасул амруял ричІчІизаризе киназдаго лъалеб бугони, жинца иман лъечІев яги доб гьунар жиндилъ гьечІев чи нужер данделъиялдеги вачІани, нужер щивав чиясда кІвела гьесул мунагьал тІатинаризе. Гьебмехалда гьесда ракІалде ккела, киназго гьедин абулеб бугелъул, Аллагьас жиндие суд гьабулеб бугилан. 25 Гьесул рекІелъ букІараб балъгоябщинаб къватІиб чІвайдал, гьев накалда ккела, Аллагьасе сужда гьабила, Аллагь нужеда цадахъ вукІин ритІухъ гьабила. 26 Гьеб киналъулго кинаб хІасилха, вацал, нилъеца гьабилеб? Нуж данделъараб мехалъ, цоясул туркиги, цогидасул насихІатги, гьединго Аллагьас загьир гьабурабги, батІи-батІиял мацІазда гьабулеб каламги, гьеб бичІчІизабиги – щивасул гьеб кинабго букІине ккола иман лъуразул агьлуялъе пайдаялъе. 27 БатІи-батІиял мацІазда кІалъазе бокьарал чагІи ругони, кІигояв, бищун цІикІкІун лъабгояв, иргадал кІалъай, цогидас гьеб бичІчІизабизеги. 28 БичІчІизабизе бажарулев чи гьечІони, батІияб мацІалъул чи кІалъачІого вукІине ккела яги живго жиндаго ва Аллагьгун гаргадизе ккела. 29 Данделъаразда Аллагьасул амруял лъазаризе кІигояв яги лъабгояв лъугьа, цогидазин абуни, гьез бицараб борцине ккела. 30 Данделъиялда ругезул цоясе Аллагьас цо щибниги загьир гьабулеб бугони, кІалъалев вугев вуцІцІун чІезе ккела. 31 Аллагьасул амруял данделъаразда лъазарун, тІолабго агьлуялъе пайда букІунедухъ, иргадал кІалъазе бегьулелъулха нуж киналго. 32 Аллагьасул амруял халкъалда лъазарулев чи гІодове виччарав вукІине ккола. 33 Аллагьасе бокьуларелъулха ахІи-хІурги гъалмагъирги. Гьесие бокьула рекъа-решей. Аллагьасул халкъалъул киналго жамагІатазда руцІцІун чІолел гІадин, 34 руччаби нужер данделъиялдаги руцІцІун чІезе ккола. КІалъазе изну гьечІо гьезие. Къануналъги абулеб буго гьел мутІигІлъун чІезе ккелилан. 35 Щибниги жо лъазе бокьани, рокъоб жидерго росабазда гьикъеян абе. Данделъиялда руччаби кІалъазе рекъараб гьечІо. 36 Нужеда ракІалдейищ кколеб Аллагьасул рагІи нужедасан бачІараб бугилан? Яги гІицІго нужехъе бачІараб жойиланищ кколеб нужеда гьеб? 37 Аллагьасул амру халкъалда лъазабулев чилъун яги Илагьияб РухІалдасан махщел-гьунар щварав чилъун живго рикІкІунев вугони, гьес ритІухъ гьабизе ккела гьаб дица нужехъе хъвалеб бугеб жо ТІадегІанасдасан бачІараб амру букІин. 38 Гьеб гІадахъ босуларев чи нужецаги гІадахъ восуге. 39 Гьединлъидал, вацал, Аллагьасул амруял халкъалда лъазаризе махщел-гьунар тІалаб гьабе, батІи-батІиял мацІазда кІалъазеги гьукъуге. 40 Амма кинабго букІине ккола берцинго ва рекъа-решон.

15

1 Гьанже дица нужеда ракІалде щвезабулеб буго, вацал, нужеда дица лъазабураб, нужецаги къабул гьабураб, нужер божи-иманалъул щулияб кьучІлъунги бугеб Рохалил хабар. 2 Гьеб дица бихьизабураб нухдаса кьуричІого чІани, нуж хвасарлъула. Гурони – нужер божи-иман гІадада ккола. 3 Сундасаго цебе дица нужеда бицана дицаги къабул гьабураб хабар: Хириял ТІухьдузда хъван букІараб ритІухълъизе, МасихІ хвана нилъер мунагьазе гІоло. 4 Гьев хабалъ лъуна. ТІухьдузда хъван букІараб ритІухълъизе, лъабабилеб къоялъ хваралъуса вахъинавуна. 5 Пётрида вихьана гьев, цинги анцІила кІиявго чапарасдаги вихьана. 6 Цинги гьев цого заманалда вихьана щунусгоялдаса цІикІкІарав вацасдаги, гьезул гІемерисел гьабсагІатги чІаго руго, цо-цоял хвана. 7 Цинги Якъубида вихьана, цинги киналго чапарзабаздаги вихьана. 8 Гьел киназдасаго хадув гьев дидаги вихьана, мех щвечІого гьабураб лъимада гІадин. 9 Дун вуго бищунго гьитІинав чапар. Чапарлъун рикІкІине мустахІикъав гьечІо дун, Аллагьасде иман лъуразул агьлуялъе дица гІазаб кьолеб букІиндалха. 10 Амма Аллагьасул баркаталдалъун гьанже дун вуго гьав нужеда вихьулев чи. ГІадада гуро Аллагьас диде баркат рещтІинабураб. Дол чапарзабаздасаги цІикІкІун хІалтІана дун. Дун гуревха хІалтІарав, дилъ бугеб Аллагьасул баркат хІалтІана. 11 Дол рукІаниги, дун вукІаниги батІалъи щиб, нижеца гьедин бицуна Рохалил хабар, нужги гьелда божана. 12 Гьедин, МасихІ хваралъуса вахъин нижеца лъазабидалги, нужер цо-цоязда кин абизе кІолеб хварал чІаголъизаруларилан? 13 Хварал чІаголъизаруларел ратани, МасихІги хваралъуса вахъинавичІо. 14 МасихІ хваралъуса вахъинавичІев ватани, нижеца бицараб Рохалил хабарги гІадада ккана, нужер божи-иманги гІадада ккана. 15 Гьелда тІадеги, нижеца Аллагьасул хІакъалъулъ гьересинугІлъи гьабураблъунги кколеб буго, – Аллагьас МасихІ хваралъуса вахъинавунилан абулеб мехалъ. Амма хварал чІаголъизаруларел ратани, МасихІги гьес хваралъуса вахъинавичІо. 16 Хварал тІаде рахъинаруларел ратани, МасихІги хваралъуса вахъинавичІо. 17 МасихІ хваралъуса вахъинавичІев ватани, нужер божи-иман гьодораб жо буго, нужги церего гІадин нужерго мунагьазул кверщаликь руго. 18 Гьедин батани, дол МасихІида божун хваралги тІубанго хваралищ? 19 ГІицІго гьаб дуниялалъул чІаголъиялъулъ МасихІиде хьул лъун нилъ хьвадулел ругони, бищунго гурхІизе ккарал чагІи руго нилъ. 20 ХІакъикъаталдаги МасихІ хваралъуса вахъинавуна, – хваралъуса рахъинаризе рукІиналде киназулго хьул лъеялъе гІоло. 21 Цо чи сабаблъун бачІана хвел, цо чи сабаблъун бачІана хваралъуса рахъинариги. 22 Адамил наслу бугелъул киналго хвезе руго, МасихІил наслулъун лъугьиндал, киналго хваралъуса рахъинаризе руго. 23 Киналго иргадал чІаголъила: бищун цеве МасихІ, цинги гьев вачІараб мехалъ – гьесул агьлуги. 24 Цинги дуниял ахирлъила. МасихІица къезарила тахида ругелги, кверщел бугелги, хІакимзабилъун ругелги – киналго рухІал, цинги Эмен – Аллагьасухъе кьела жиндирго парччахІлъи. 25 МасихІица парччахІлъи гьабила Аллагьас гьесул киналго тушбаби гьесул малакь чІезаризегІан. 26 Бищунго ахиралда къезабулеб тушман ккола хвел. 27 ТІухьдузда хъван буго: «Аллагьас кинабго гьесул малакь лъуна». «Киналъулго» бицунаго, гьайгьай, гьелда гьоркьове унаро гьеб кинабго МасихІил малакь лъурав Аллагь. 28 Кинабго жиндир кверщаликье ккараб мехалъ, живго Васги вукІина гьеб кинабго жиндир малакь лъурасул кверщаликь. Гьебмехалда киналъулго кверщел Аллагьасухъ букІин бихьила. 29 Гьеб гьереси букІарабани, хваразе гІологи гІадамал лъадалъ ччун щай рахъилел рукІарал? Хварал чІаголъуларел ратани, гьезие гІологи гІадамал лъадалъ ччун щай рахъулел? 30 Щай нилъ кидаго хІинкъиялда гъоркь рукІине ккелел? 31 Щибаб къоялъ хвалил хІинкъи буго, вацал, дие. Нилъер ТІадегІанав МасихІ ГІисада цебе нужедаса бугеб чІухІиялхІагийилан гьедизе кІвела гьедин бугилан. 32 Эфесалда ругел гьал жанаваралгун гІадамазул къагІидаялъ вагъиялдасан дие бугеб пайда щиб, дирго напсалъул пикруялда вугони? Хварал чІаголъулел ратичІони, «рачІа кваназе-гьекъезе, метер нилъ хвезе ругин». 33 Нужго гуккизе чІоге. Квешазда аскІоре къани, лъикІаб гІамалалдаса ратІалъула. 34 КантІе, тІокІаб мунагьги гьабуге. Нужер цо-цоязда Аллагь лъаларо. Дица гьеб абулеб буго нуж намуслъизе. 35 Амма цо лъицаниги гьикъизе бегьила хварал кин чІаголъулелилан. Кинаб черхгун гьел тІаде рахъунелилан. 36 ГІабдал вуго гьев. Дуца ракьулъ мугь чІола, амма цин жибго хвечІони, гьеб тІаде баккуларо. 37 Дуца ракьулъ чІолеб жо, ролъул букІа яги цогидалъул букІа, гІицІаб мугь буго, гьелдасан лъугьунеб «черх» гуро гьеб. 38 Аллагьас кьола гьелъие жинцаго тІаса бищараб черх – хьодул щибаб тайпаялъе батІи-батІияб. 39 Киналго чурхдул релълъарал гьечІо: гІадамазул батІиял руго, хІайваназул батІиял руго, хІанчІазул батІиял руго, ччугІбузул батІиял руго. 40 Руго зобалазулал чурхдул, руго ракьалъулалги. Зобалазулал чурхдузул жидерго берцинлъи буго, ракьалъулал чурхдузулги жидерго берцинлъи буго. 41 Бакъул батІияб, моцІрол батІияб, цІвабзазул батІияб буго берцинлъи. Щибаб цІваялъулгицин буго жиндирго берцинлъи. 42 Гьелдаго релълъун букІина хварал чІаголъизариги. Ракьулъе кколебщинаб хола, тІаде баккулебщиналъе хвел гьечІо. 43 Ракьулъе сурукъго уна, тІаде берцинго баккула. Ракьулъе загІипго уна, тІаде гучалда баккула. 44 Ракьулъе тІабигІияб черх уна, тІаде рухІалъ цІураб черх баккула. ТІабигІияб черхги букІуна, рухІалъ цІураб черхги букІуна. 45 ТІухьдузда хъван буго: «ТІоцевесев инсанасда – Адамида рухІ лъуна». Ахирисев Адам – чІаголъи кьолеб РухІлъун лъугьана. 46 РухІалъ цІурабаб бачІунаро тІоцебе, тІабигІияб черх бугебаб бачІуна. Цинги бачІуна рухІалъ цІурабги. 47 ТІоцевесев Адам ракьул хІуралдасан вижана, ракьалдаса вачІана. КІиабилев Адам зобалаздаса вачІана. 48 Ракьалдасан ругелал ракьалдаса вачІарасда релълъуна. Зобалаздасан ругелал зобалаздаса вачІарасда релълъуна. 49 Ракьалдаса вачІарасул сипат-сурат нилъелъ бугеб гІадин, зобалаздаса вачІарасул сипат-суратги букІина нилъелъ. 50 Дица нужеда абулеб буго, вацал, черхалъеги биялъеги Аллагьасул парччахІлъи насиблъуларин, холебалъе холаребаб насиблъуларин. 51 - 52 Цо балъголъи рагьила нужее: киналго гуро нилъ холел, амма ахирзаманалда ссур пураб мехалъ, бер къапизегІан заман иналде, хиса-сверула нилъ. Ссур пула ва хварал тІаде рахъинарула. Хвел гьечІеллъун рахъина гьел тІаде. Нилъги хиса-сверила. 53 Турулебаб турулареблъун лъугьине ккола, холебабги холареблъун лъугьине ккола. 54 Турулебаб турулареблъун лъугьараб мехалъ, холебабги холареблъун лъугьараб мехалъ ритІухълъила ТІухьдузда хъван бугеб гьадинаб калима: «Хвел къулчІана, къезабуна». 55 Хадубги: «Хвел, киб бугеб дур бергьенлъи! Хвел, киб бугеб дур хеч!» 56 Хвалил хеч ккола мунагь. Мунагьалъе къуват Къануналдасан щола. 57 Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІидалъун нилъ бергьинарулев Аллагьасе рецц! 58 Гьеле гьедин, дир хириял вацал, къвакІун чІа нуж, къуркьуге нуж. ТІадегІанасе гІоло тІадчІун хІалтІе. Нужеда лъан букІа: ТІадегІанасде цолъун гьабураб нужер хІалтІи гІадада холаро.

16

1 Гьанже бицинин Иерусалималда бугеб иман лъуразул агьлуялъе гІарац бакІариялъул хІакъалъулъ. Галатиялда бугеб иман лъуразул агьлуялда дица малъухъе гьабе нужецаги. 2 Нужер щивав чияс гьатІан къоялъ батІаго лъун те нужее щваралда рекъон лъикІ бихьараб гІарац. Цинги дун вачІараб мехалъ гьеб бакІаризе лъугьине ккеларо. 3 Дун гьениве щвейгун, гьеб нужер садакъа Иерусалималде щвезабизе ритІила нужеца тІаса рищарал гІадамал ва гьезда цадахъ битІила гьел нужер вакилзаби ругилан кагъатги. 4 Дунго гьениве ине ккани, дидаго цадахъ рачина гьелги. 5 Македониялдаса нужехъеги вачІина дун – Македониялдасан ине ракІалда буго дида. 6 Цодагьаб мехалъ нужеда аскІов чІезеги бегьула, щиб лъалеб, хаселалъго гьенив хутІизеги бегьула. Гьенисаги дица сапар бухьунеб бугони, нужеца кумек гьабизе ккела дие. 7 Сапаралда вукІаго нужехъе ваккизе вачІине гурелъулха дие бокьун бугеб, ТІадегІанав разилъани, лъикІаланго заманаялъ гьенив чІезе хиял буго. 8 БачІин бакІариялъул байрам тІаде щвезегІан чІела дун Эфесалда. 9 Пайдаяб хІалтІуе кІудияб нуцІа рагьун буго дие, дандечІаралги гІезегІан руго. 10 Тимофей гьениве вачІараб мехалъ, гьениб гьесие хІинкъи букІунареб хІал гьабе. Гьевги, дунго гІадин, ТІадегІанасе гІололъидалха хІалтІулев вугев. 11 ГІамал кІодого ралагьуге нуж гьесухъ. Аллагьас нух битІизабегийилан гьарун тІадвуссун витІе. Дунги вацалги гьев вачІиналъухъ ралагьун чІун руго. 12 Нилъер вац Аполлосил хІакъалъулъ бицани, дица гьесда цІакъ гьарана вацалгун цадахъ нужехъе щвайилан, амма гьабсагІат гьениве ине къасд гьечІо гьесул. Рес ккараб мехалъ вачІина гьев. 13 РорчІи ккве, иман щулалъизабе, бахІарчияллъун ва къуваталлъун рукІа. 14 Нужеца гьабулебщинаб рокьигун гьабе. 15 Цоги гьари буго, вацал, нужеде: Стефанасил рукъалъул агьлу Ахаялда тІоцере МасихІида божарал чагІи рукІин лъалаха нужеда. Аллагьасул халкъалъе тІубанго хъулухъалъе чІарал чагІи руго гьел. 16 Дица нужеда гьарила гьединал чагІазухъги, гьезда цадахъ хІалтІулезухъги, хъулухъ гьабулезухъги гІенеккейилан. 17 Дун цІакъ вохун вуго Стефанасги, Фортунатги, Ахаикги гьанире рачІиналдаса. Нуж дие камун рукІин лъазе биччаларо гьез дида. 18 Нужер ракІазе къвакІи кьураб гІадин, дир рекІееги къвакІи кьола гьез. Гьединал чагІазул къимат гьабе! 19 Асиялда ругел иман лъуразул агьлуялъул салам буго нужеде. Аквилалгун Прискиллал ва гьезул рокъор данделъулел иман лъуразул агьлуялъулги буго нужеде ТІадегІанасул цІар рехсараб, урхъараб салам. 20 Гьанир ругел киналгоги вацаз битІулеб буго нужеде салам. Муъминал вацаз гІадин, цоцазда баун, салам гьабе. 21 Гьаб дирго квералъ хъвалеб буго: Павелил салам буго нужеде. 22 ТІадегІанав вокьуларесе нагІана батаги! «Марана-та!» – вачІа, нижер ТІадегІанав! 23 ТІадегІанав ГІисал цІоб лъеги нужеда! 24 МасихІ ГІисаде цолъарал нуж киналго рокьула дие.